
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Результаты поиска
1985 results found with an empty search
- tsts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Х [ 1. ХабалалIцин жиндие бакI гьечIев. 2. ХабалI жаназа лъелалде, цин гIурай яс россассе кье. 3. ХабалI лъуниги, ххиянат тIаде баккичIого чIчIоларебила. 4. ХабалI лъуниги, (ракьудасса) чияссул бер гIорцIцIуларебила. 5. Хахизе ракIалда – буртIида, лIутизе ракIалда – цIцIеда. 6. Хвалил зигара байги – чIагоязе кумекила. 7. Хвалил хIинкъи дандчIвани, гIонкIкIолги аздагьо лIугьунебила. 8. Хваниги йосила чияр яс, тIуниги бацIцIина квасул кун. 9. Хвараб бацIицца гIи гъурулареб. 10. Хвараб гъалбацIалдасса чIагояб гьойго лълъикIила. 11. Хвараб гIака – рахьдалаб. 12. Хвараб меххалълъ чиги кинавго лълъикIав, бахIараб меххалълъ букIараб чуги киназдассаго цIакъаб. 13. Хвараб ретIел нацIцIие, къадарав чи рагIуе. 14. Хварабниги чIорто дарайдул. 15. Хварав чи вагъаризавуни, бусен хъублъулеб, хвараб-араб жоялълъул бицани, ракIал хъублъулел. 16. Хварав чи каки – чIагоязе заралила. 17. Хварав чидай, хвечIев чидай? КIиго нухлулассда данде ккун руго хвел букъизе унел гIадамал. ГIолохъанасс херассда гьикъун буго - - Хварав чидай, хвечIев чидай молода вугев? - Мун гIадаллъунищ вугев, дир вас? РагIараб жо гуро хвечIев чи, молодаги лъун, вукъизе восун унев! ГIолохъанчи, херассул хIурмат цIунун, вуцIцIун чIчIун вуго. Къасси гьел щванила херассул росулIе. Ясалълъ инссуда гьикъанила - - Цадахъ вугев чи щив, эмен? - Нухда данделъарав дагьав гIакълу гьечIев гIолохъанчи вуго, дир яс. - ЩибгIаги гьесс гьабураб? Щиб ккараб, эмен? – ан цIехханила ясалълъ. - Гьабизеги щиб гьесс гьабилеб, дир яс. Дие гIантал суалал кьуна гьесс. Инссуцца ясалълъе бицанила хварав чияссул хIакъалълъулI гьесс гьикъараб жо. - ГIантаб жо гьикъун гьечIохха, эмен, гьесс дуда. Хварав чи вуго ххалкъалълъе инжитлъун хварав чи. ХвечIев чи вуго, живго хваниги, ххалкъалълъе жиндир ишалги цIцIарги нахъе тарав чи. 18. Хваразда ххадур чIагоял рилълъине бегьуларо. 19. Хваразе гурони, риччан таразе хоб бухъулареб. 20. Хваразул бицани, чIагоязул рахIат хола, араб-хваралълъул бицани, дандияссул рахIат хола. 21. Хварал рорчIизарулаго, чIагоязул тIом хIулулеб. 22. Хваралги релъила лъималазул рагIиялда. 23. Хваралги рикIкIани, гIухьби гIемерал, мутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал. 24. Хварассе зурма щайила. 25. Хварассул къулгьу гурел, гIурассул бертин гурел. 26. Хведал гурони, хьул къотIулареб. 27. Хвезе вокьарав чи кьолбоцца вецце. 28. Хвезе мехх щвараб меххалълъ хIама гъотIоде бахунебила. 29. Хвезе мехх щварав херасс я чIчIужу ячунейила, я чу босулебила. 30. Хвезеги гIажал кIудияб лълъикIила. 31. ХвезегIан чIаго тани, хвечIого рухI бахъугеги (НилI хвезегIан чилъи хогеги). 32. Хвел гьикъун бачIунаро, чIоралълъ чи цIеххоларо. 33. Хвелалдего хварав (чIагого хварав). 34. Хвеларев чIухIа, чIваларев вохха. 35. Холевлъи лъарабани, эмен цIцIамухъ вичилаанилан абурабила Мала Нассрудиницца. 36. Хвелилан давлад унарел, тIатинилан жо бикъулареб. 37. ХвечIого чияссул къимат лъаларебила. 38. Хераб гъветI турулеб, тараб хур чIунтулеб. 39. Хераб оцол пурццида ххадуб рахъ гъваридаб букIунебила. 40. Хераб хIамида рохьоб нух малълъизе кколареб. 41. Хераб бацIицца чахъу кIигоцадахъ хъамулебила. 42. ХерабгIан хIама сихIираб. 43. «Херав чи», – ян кIалъаге, мунги вукIине вугевин херав чи. 44. Херав чияссул ххиялал хабалIе цадахъ унел. 45. Херай йигониги, яс лълъикI, ххалатаб бугониги, шагьра лълъикI. 46. Херай чIчIужу ячарав гIолохъанчияссул буголъи, гьевги хун, хералълъе щварабила. 47. Херасс гIолохъанай лълъади ячани, кIиялго разилъичIеб даран кколебила. 48. Херассул – гIакълу, гIолохъанассул – къуват. 49. Херлъи бихьичIого, щивго хогеги, БихьичIезда лъазе щибжо гьебали. 50. Херлъи – гьойлъи. 51. Херлъигун гьойцца гьатIаналълъубцин хъублъи гьабулеб. 52. Херлъидал бацI гIонкIкIол цIцIобалде кколебила (Херлъидал цIцIумги къоркъол цIцIобалде кколебила). 53. Херлъиларев гьечIев, хвеларев гьечIев (Херлъиларев вохха, хвеларев чIухIа). 54. Херлъиялдасса баракат бугеб жо гьечIебила, тIаде бачIун гурони, тIасса унареб. 55. Херлъиялдасса квешаб жо – живго херлъун вукIин лъангутIи. 56. Херлъун ххадуб хъарчигъа тIанчIацца балъаргъунеб. 57. Херлъунилан бацI кваначIого чIчIолареб. 58. Херлъунилан бацIил цер лIугьинаро, цаби гъунилан ритIучIил багьа хвеларо. 59. Херлъунилан бацIицца бацIил гIамал толареб. 60. Херлъунилан оцолги гIалимчияссулги багьа холареб. 61. Хис-бас – шайтIаналълъул жо (дираб – дие, дураб – дуе). 62. Хоб тIупанагIан, ракI тIупулеб (ракь тIупанагIан, ракIалги тIупулел). 63. Холареб рагIиги букIунареб, рагIал гьечIеб авлахъги букIунареб. 64. Холареб ракI букIунареб, бахъунареб ццин букIунареб. 65. Холарев чи вукIунарев, холареб цIцIар букIунеб. 66. Холев чияссда ццебе нусго соналълъул гIумру чIчIолебила. 67. Хоно гьабизе – мадугьалихъе, кваназе – рокъобе. 68. Хоно – къурщил, къвакъвай – хъазил. 69. Хоно кьабун, гьецIцIо гъурулареб. 70. Хур асскIобегIан лълъикIила, гIагарлъи рикIкIадегIан лълъикIила. 71. Хур бекьичIесс хIанчIиларо, хер бецичIесс чIамиларо. 72. Хур босарав бечелъарав, рукъ босарав мискинлъарав. 73. Хур букIаго, ракъарал, рукъ букIаго, ругьарал. 74. Хур гуккуге, гьелълъ мунго дагьавги цIакъ гуккизе гурин (Дуцца хур цин гуккани, хуралълъ мун анцIцIул гуккулев). 75. Хур гьабулаго, рукъ хварай, рукъ гьабулаго, хур хварай. 76. Хур кIодолъиялдасса гьир кIодолъи лълъикIаб. 77. Хур лълъикIаб бугилан абе, тIорщел царгъинибе бараб меххалълъ, ххан лълъикIав вугилан абе, ункъабго къоно тIад чIвараб меххалълъ. 78. Хур-рукъ бичун аниги, инссул къо-асс бичун унареб. 79. Хур ЦIцIоробе балагьараб лълъикIаб. - Хур щай бичараб? - Пурццида кIутIизе гамачI батичIого. 80. Хурги дуццаго бекье, гьабихъеги мунго а. 81. Хурзал ракул цIуни, царгъал богIол цIола. 82. Хурзал чахIиял – чIамчIам дагьал. 83. Хуриб лълъикI жо бижизабизе Аллагьассде тIамун тоге. 84. Хуриб тIепаб, тIоххда ганжаб гьецIцIо тоге. 85. Хурибе ккараб хIамицца кIал кIудияб цIолеб. 86. Хурибе хьон – хьагинибе ххинкI. 87. Хурисса жо бачIинчIолъи чIарал гIайиб кколареб. 88. Хурищ бокьилеб, хурлъун дунищ? 89. Хурул мадугьал вакъарав ккаги, рукъалълъул мадугьал гIорцIцIарав ккаги. 90. Хурул хьон боцIцIийила, боцIцIул хьон рагIийила. 91. Хурул хьоналълъ чехь гIорцIцIаги, чохьол лъималаздасса ракI боххаги. 92. Хурулги рукъзабазулги бутIа бакьулIа босе. 93. Хурулги хьолболги цIцIину лълъикIаб. 94. Хурухъан кинав вугевали ххасалихълъиялълъ бицуна.
- tarihal
Тариххал Тариххал tari{al تارێخال 0 - чIо zo ڃۈ (цIияб рагIи) 1 - цо co ښۈ 2 - кIиго jigo گێڬۈ 3 - лъабго ;abgo ڸابڬۈ 4 - ункъго unqgo ئۇنقڬۈ 5 - щуго &ugo ۺۇڬۈ 6 - анлIго an/go انڶڬۈ 7 - анкьго anpgo انڨڬۈ 8 - микьго mipgo مێڨڬۈ 9 - ичIго izgo ئێڃڬۈ 10 - анцIго an`go انڝڬۈ 11 - анцIила цо an`ila co انڝێلا ښۈ 12 - анцIила кIиго an`ila jigo انڝێلا گێڬۈ 13 - анцIила лъабго an`ila ;abgo انڝێلا ڸابڬۈ 14 - анцIила ункъго an`ila unqgo انڝێلا ئۇنقڬۈ 15 - анцIила щуго an`ila &ugo انڝێلا ۺۇڬۈ 16 - анцIила анлIго an`ila an/go انڝێلا انڶڬۈ 17 - анцIила анкьго an`ila anpgo انڝێلا انڨڬۈ 18 - анцIила микьго an`ila mipgo انڝێلا مێڨڬۈ 19 - анцIила ичIго an`ila izgo انڝێلا ئێڃڬۈ 20 - къого qogo قۈڬۈ 21 - къоло цо qolo co قۈلۈ ښۈ 22 - къоло кIиго qolo jigo قۈلۈ گێڬۈ 23 - къоло лъабго qolo ;abgo قۈلۈ ڸابڬۈ 24 - къоло ункъго qolo unqgo قۈلۈ ئۇنقڬۈ 25 - къоло щуго qolo &ugo قۈلۈ ۺۇڬۈ 26 - къоло анлIго qolo an/go قۈلۈ انڶڬۈ 27 - къоло анкьго qolo anpgo قۈلۈ انڨڬۈ 28 - къоло микьго qolo mi[go قۈلۈ مێڨڬۈ 29 - къоло ичIго qolo izgo قۈلۈ ئێڃڬۈ 30 - лъеберго ;ebergo ڸېبېرڬۈ 31 - лъебералда цо ;eberalda co ڸېبېرالدا ښۈ 32 - лъебералда кIиго ;eberalda jigo ڸېبېرالدا گێڬۈ 33 - лъебералда лъабго ;eberalda ;abgo ڸېبېرالدا ڸابڬۈ 34 - лъебералда ункъго ;eberalda unqgo ڸېبېرالدا ئۇنقڬۈ 35 - лъебералда щуго ;eberalda &ugo ڸېبېرالدا ۺۇڬۈ 36 - лъебералда анлIго ;eberalda an/go ڸېبېرالدا اڶڬۈ 37 - лъебералда анкьго ;eberalda anpgo ڸېبېرالدا انڨڬۈ 38 - лъебералда микьго ;eberalda mipgo ڸېبېرالدا مێڨڬۈ 39 - лъебералда ичIго ;eberalda izgo ڸېبېرالدا ئێڃڬۈ 40 - кIикъого jiqogo گێقۈڬۈ 41 - кIикъоялда цо jiqoyalda co گێقۈيالدا ښۈ 42 - кIикъоялда кIиго jiqoyalda jigo گێقۈيالدا گێڬۈ 43 - кIикъоялда лъабго jiqoyalda ;abgo گێقۈيالدا ڸابڬۈ 44 - кIикъоялда ункъго jiqoyalda unqgo گێقۈيالدا ئۇنقڬۈ 45 - кIикъоялда щуго jiqoyalda &ugo گێقۈيالدا ۺۇڬۈ 46 - кIикъоялда анлIго jiqoyalda an/go گێقۈيالدا انڶڬۈ 47 - кIикъоялда анкьго jiqoyalda anpgo گێقۈيالدا انڨڬۈ 48 - кIикъоялда микьго jiqoyalda mipgo گێقۈيالدا مێڨڬۈ 49 - кIикъоялда ичIго jiqoyalda izgo گێقۈيالدا ئێڃڬۈ 50 - кIикъоялда анцIго jiqoyalda an`go گێقۈيالدا انڝڬۈ 51 - кIикъоялда анцIила цо jiqoyalda an`ila co گێقۈيالدا انڝێلا ښۈ 52 - кIикъоялда анцIила кIиго jiqoyalda an`ila jigo گێقۈيالدا انڝێلا گێڬۈ 53 - кIикъоялда анцIила лъабго jiqoyalda an`ila ;abgo گێقۈيالدا انڝێلا ڸابڬۈ 54 - кIикъоялда анцIила ункъго jiqoyalda an`ila unqgo گێقۈيالدا انڝێلا ئۇنقڬۈ 55 - кIикъоялда анцIила щуго jiqoyalda an`ila &ugo گێقۈيالدا انڝێلا ۺۇڬۈ 56 - кIикъоялда анцIила анлIго jiqoyalda an`ila an/go گێقۈيالدا انڝێلا انڶڬۈ 57 - кIикъоялда анцIила анкьго jiqoyalda an`ila anpgo گێقۈيالدا انڝێلا انڨڬۈ 58 - кIикъоялда анцIила микьго jiqoyalda an`ila mipgo گێقۈيالدا انڝێلا مێڨڬۈ 59 - кIикъоялда анцIила ичIго jiqoyalda an`ila izgo گێقۈيالدا انڝێلا ئێڃڬۈ 60 - лъабкъого ;abqogo ڸابقۈڬۈ 61 - лъабкъоялда цо ;abqoyalda co ڸابقۈيالدا ښۈ 62 - лъабкъоялда кIиго ;abqoyalda jigo ڸابقۈيالدا گێڬۈ 63 - лъабкъоялда лъабго ;abqoyalda ;abgo ڸابقۈيالدا ڸابڬۈ 64 - лъабкъоялда ункъго ;abqoyalda unqgo ڸابقۈيالدا ئۇنقڬۈ 65 - лъабкъоялда щуго ;abqoyalda &ugo ڸابقۈيالدا ۺۇڬۈ 66 - лъабкъоялда анлIго ;abqoyalda an/go ڸابقۈيالدا انڶڬۈ 67 - лъабкъоялда анкьго ;abqoyalda anpgo ڸابقۈيالدا انڨڬۈ 68 - лъабкъоялда микьго ;abqoyalda mipgo ڸابقۈيالدا مێڨڬۈ 69 - лъабкъоялда ичIго ;abqoyalda izgo ڸابقۈيالدا ئێڃڬۈ 70 - лъабкъоялда анцIго ;abqoyalda an`go ڸابقۈيالدا انڝڬۈ 71 - лъабкъоялда анцIила цо ;abqoyalda an`ila co ڸابقۈيالدا انڝێلا ښۈ 72 - лъабкъоялда анцIила кIиго ;abqoyalda an`ila jigo ڸابقۈيالدا انڝێلا گێڬۈ 73 - лъабкъоялда анцIила лъабго ;abqoyalda an`ila ;abgo ڸابقۈيالدا انڝێلا ڸابڬۈ 74 - лъабкъоялда анцIила ункъго ;abqoyalda an`ila unqgo ڸابقۈيالدا انڝێلا ئۇنقڬۈ 75 - лъабкъоялда анцIила щуго ;abqoyalda an`ila &ugo ڸابقۈيالدا انڝێلا ۺۇڬۈ 76 - лъабкъоялда анцIила анлIго ;abqoyalda an`ila an/go ڸابقۈيالدا انڝێلا انڶڬۈ 77 - лъабкъоялда анцIила анкьго ;abqoyalda an`ila anpgo ڸابقۈيالدا انڝێلا انڨڬۈ 78 - лъабкъоялда анцIила микьго ;abqoyalda an`ila mipgo ڸابقۈيالدا انڝێلا مێڨڬۈ 79 - лъабкъоялда анцIила ичIго ;abqoyalda an`ila izgo ڸابقۈيالدا انڝێلا ئێڃڬۈ 80 - ункъого unqogo ئۇنقۈڬۈ 81 - ункъоялда цо unqoyalda co ئۇنقۈيالدا ښۈ 82 - ункъоялда кIиго unqoyalda jigo ئۇنقۈيالدا گێڬۈ 83 - ункъоялда лъабго unqoyalda ;abgo ئۇنقۈيالدا ڸابڬۈ 84 - ункъоялда ункъго unqoyalda unqgo ئۇنقۈيالدا ئۇنقڬۈ 85 - ункъоялда щуго unqoyalda &ugo ئۇنقۈيالدا ۺۇڬۈ 86 - ункъоялда анлIго unqoyalda an/go ئۇنقۈيالدا انڶڬۈ 87 - ункъоялда анкьго unqoyalda anpgo ئۇنقۈيالدا انڨڬۈ 88 - ункъоялда микьго unqoyalda mipgo ئۇنقۈيالدا مێڨڬۈ 89 - ункъоялда ичIго unqoyalda izgo ئۇنقۈيالدا ئێڃڬۈ 90 - ункъоялда анцIго unqoyalda an`go ئۇنقۈيالدا انڝڬۈ 91 - ункъоялда анцIила цо unqoyalda an`ila co ئۇنقۈيالدا انڝێلا ښۈ 92 - ункъоялда анцIила кIиго unqoyalda an`ila jigo ئۇنقۈيالدا انڝێلا گێڬۈ 93 - ункъоялда анцIила лъабго unqoyalda an`ila ;abgo ئۇنقۈيالدا انڝێلا ڸابڬۈ 94 - ункъоялда анцIила ункъго unqoyalda an`ila unqgo ئۇنقۈيالدا انڝێلا ئێنقڬۈ 95 - ункъоялда анцIила щуго unqoyalda an`ila &ugo ئۇنقۈيالدا انڝێلا ۺۇڬۈ 96 - ункъоялда анцIила анлIго unqoyalda an`ila an/go ئۇنقۈيالدا انڝێلا گێڬۈ 97 - ункъоялда анцIила анкьго unqoyalda an`ila anpgo ئۇنقۈيالدا انڝێلا ڸابڬۈ 98 - ункъоялда анцIила микьго unqoyalda an`ila mipgo ئۇنقۈيالدا انڝێلا مێڨڬۈ 99 - ункъоялда анцIила ичIго unqoyalda an`ila izgo ئۇنقۈيالدا انڝێلا ئێڃڬۈ 100 - нусго nusgo نۇسڬۈ 101 - нусиялда цо nusiyalda co نۇسێيالدا ښۈ 102 - нусиялда кIиго nusiyalda jigo نۇسێيالدا گێڬۈ 103 - нусиялда лъабго nusiyalda ;abgo نۇسێيالدا ڸابڬۈ 110 - нусиялда анцIго nusiyalda an`go نۇسێيالدا انڝڬۈ 120 - нусиялда къого nusiyalda qogo نۇسێيالدا قۈڬۈ 130 - нусиялда лъеберго nusiyalda ;ebergo نۇسێيالدا ڸېبېرڬۈ 140 - нусиялда кIикъого nusiyalda jiqogo نۇسێيالدا گێقۈڬۈ 150 - нусиялда кIикъоялда анцIго nusiyalda jiqoyalda an`go نۇسێيالدا گێقۈيالدا انڝڬۈ 160 - нусиялда лъабкъого nusiyalda ;abqogo نۇسێيالدا ڸابقۈڬۈ 170 - нусиялда лъабкъоялда анцIго nusiyalda ;abqoyalda an`go نۇسێيالدا ڸابقۈيادا انڝڬۈ 180 - нусиялда ункъого nusiyalda unqogo نۇسێيالدا ئۇنفۈڬۈ 190 - нусиялда ункъоялда анцIго nusiyalda unqoyalda an`go نۇسێيالدا ئۇنقۈيلدا انڝڬۈ 200 - кIинусго jinusgo گێنۇسڬۈ 300 - лъабнусго ;abnusgo ڸابنۇسڬۈ 400 - ункънусго unqnusgo ئۇنقنۇسڬۈ 500 - щунусго &unusgo ۺۇنۇسڬۈ 600 - анлIнусго an/nusgo انڶنۇسڬۈ 700 - анкьнусго anpnusgo انڨنۇسڬۈ 800 - микьнусго mipnusgo مێڨنۇسڬۈ 900 - ичIнусго iznusgo ئێڃنۇسڬۈ 1000 - азарго a#argo ازارڬۈ 2000 - кIиазарго jia#argo گێئازارڬۈ 3000 - лъабазарго ;ab'a#argo ڸابئازارڬۈ 4000 - ункъазарго unq'a#argo ئۇنقئازارڬۈ 10000 - анцIазарго an`'a#argo انڝئازارڬۈ 100000 - нусазарго nus'a#argo نۇسئازارڬۈ 1 000 000 - азазарго a#a#argo ازازارڬۈ 2 000 000 - кIиазазаргоjia#a#argo گێئازازارڬۈ 3 000 000 - лъабазазарго ;ab'a#a#argo ڸابئازازارڬۈ 10 000 000 - анцIазазарго an`'a#a#argo انڝئازازارڬۈ 100 000 000 - нусазазарго nus'a#a#argo نۇسئازازارڬۈ 1 000 000 000 - азарго азазар a#argo a#a#ar ازارڬۈ ازازار 10 000 000 000 - анцIазарго азазар an`'a#argo a#a#ar انڝئازارڬۈ ازازار 100 000 000 000 - нусазарго азазар nus'a#argo a#a#ar نۇسئازارڬۈ ازازار 1 000 000 000 000 - азазарго азазар a#a#argo a#a#ar ازازارڬۈ ازازار 10 000 000 000 000 - анцIазазарго азазар an`'a#a#argo a#a#ar انڝئزازارڬۈ ازازار 100 000 000 000 000 - нусазазарго азазар nus'a#a#argo a#a#ar نۇسئازازارڬۈ ازازار 2019 кIиазаралда анцIила ичIго jia#aralda an`ila izgo - گێئازارالدا انڝێلا ئێڃڬۈ 5897 - щуазаралда микьнусиялда ункъоялда анцIила анкьго ۺۇئازارالدا مێڨنۇسێيالدا ئونقۈيالدا انڝێلا انڨڬۈ кIицIцIул ji~ul - گێڞۇل лъабцIцIул ;ab~ul - ڸابڞۇل анцIцIцIул an`~ul - انڝڞۇل нусцIцIул nus~ul - نۇسڞۇل азарцIцIул a#ar~ul - ازارڞێل
- i | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
У u 1. «Уйилан» тезе лъачIев къаралав къо бакъинегIан вагъизе ккаравила. 2. Умумуз дуниял лъималазе гьабулеб, лъималаз дуниял жидеего гьабулеб. 3. Умумузул адаб тарас ххалкъалълъул нусцIцIул толеб. 4. Умумузул кици цониги гIодоб ххутIулареб. 5. Умумузул малълъ – магъилIе балеб цIцIад. 6. Умумузул хIурмат тарассе – нагIана. 7. Умумул кинал рукIаралали бицунге, мунго кинав вугевали бице. 8. Ун бахъунареб сагIат, тун бахъунареб нух. 9. Унареб гIеретIалълъухъ балагьун, унеб парччи толареб. Кициялълъул магIна буго, росс щоларей кIудияй яццалълъухъ балагьун, росс щолей гьитIинай яцц рокъой тогеян абураб. 10. Унареб гIарацги гьаруларей ясги цого жойила. 11. Унаревила кIкIвахIал рохьове, ани, рохьго баччун, вачIуневила. 12. Унго-унгояв гьудул – лIугIел гьечIеб ххазина. 13. «Унго, кийгIагидай дун тоххлъарай, ссундулIдай дицца гъалатI биччараб?» – ан ракI унтун абулебила эбелалълъ, санаде яхинчIей ясалълъул гьитIинабго гъалатI бихьидалги. 14. Унев-унев вукIунев, Унеб бакIги лъаларев. Кваналевги чIчIоларев, Кунеб жоги лъаларев. 15. Унелълъул ццеве валагье, кIалъалелълъул нахъ валагье. 16. Унессе нух битIаги, чIчIолессе рукъ битIаги. 17. Ункъабго хъахIалълъул ункъабго къотIаги. ЦIцIоралдасса, давлаги гьабун, лIутун вачIунев вукIун вуго цо магIарулав. Гьессда ххадур ахIуд рахъун рачIунел рукIун руго гуржиял, эменги лъабго васги. Инссуцца лъималазда абун буго жиндие магIарулассул чол ссипат-ссурат гьабеян. Лъималаз бицун буго гьеб чу ункъабго хIетIеги хъахIаб магIарул гIаларча бугилан. Цинги инссуцца лъималазда абун буго - «Ункъабго хъахIалълъул ункъабго къотIаги! Гьеб магIарул гIаларчаялда ххадур нилI гъоларо, нахъ русса», – ян. Цо-цояз абула ункъабго хIетIе хъахIаб чол бетIергьанчи холевилан. Гьелълъие гIолойила гьеб тайпаялълъул чоде хьандараб гьаб кици бугебилан. 18. Ункъабго хIетIе хъахIаб чуги босуге, чараб гьойги хьихьуге. 19. Ункъида вукIана – кIийиде ккана, кIийида вукIана – лъабиде ккана, гIагарда вукIана – рикIкIаде ккана. 20. Унтараб бакI беццабила (ссундаго тункулеб). 21. Унтараб гIусалда тIадила мацIцI ссверулеб. 22. Унтарав чи меседил таххалдассаги разилъуларевила. 23. Унтарав чияссе берцинаб рагIиги сахлъи буго. 24. Унтаралщинал холарел, херал бахIарлъуларел. 25. Унтарассда кванил тIагIам лъалареб, рокьи ккарассда макьил тIагIам лъалареб. 26. Унтарассда къаданив къо щваравила. 27. Унтарассе – бусен, хварассе – хоб. 28. Унтарассе маххссара щай, ссвакарассе расанди щай? 29. Унти балъго гьабурав ххеххгого тIатун хола. 30. Унти – барти. 31. Унти бицарасс бакъул кеп босула, баххчун тарасс хабалIе нух босула. 32. Унти гьечIеб черхх букIунареб, ургъел гьечIеб ракI букIунареб. 33. Унти – квачалълъ, балагь – кIалалълъ. 34. Унти лълъикIаб жони, гьелда гьеб цIцIар лъелароанила. 35. Унти раххнацца чIвалебила, рукIкIаца бищулебила. 36. Унти сахлъулебила, гIамал ххутIулебила. 37. Унтиги, тушманги, цIаги хIакъираллъун рихьугейила. 38. Унтидалги херлъидалгийила хвел ракIалде щолеб. 39. Унтизе нилIго лълъикI, хвезе чIчIужу лълъикI. 40. Унтизе унти ххутIичIев, хвезе хIара ххутIичIев. 41. УнтичIеб бакI ххутIичIев, хвезе къоялги щвечIев. 42. УнтичIев зигардуларев, бухIичIев гIодуларев. 43. УнтичIессда сахлъиялълъул къимат лъалареб, живго херлъичIессда херлъиги бичIчIулареб. 44. УнтичIессда унтул бицунге, тIехх тIагIинчIессда тIоххол бицунге. 45. УнтичIого хогеги, хваразда урхъараб къо бачIунгеги! 46. Унтулареб бетIер хабалI гурони букIунареб. 47. Унтулареб гьан букIунареб, бакъвалареб ракI букIунареб. 48. Унтулареб гьаналдасса цIунаги, чурулареб боцIцIудасса цIунаги. 49. Унтулареб черхх букIунареб, дару гьечIеб унти букIунареб. 50. Унтулеб бакI гьечIого, инсан зигардуларо. 51. УнтулI хIалценгIанги, берталълъа камуларев, бакIвалиялда къечI гIадин, къулгьу-алхIамалда рекIун вукIунев. 52. Унтун ххалалъугеги, херлъун басралъугеги (Ххалатаб чIвагеги, чIамучIаб ккогеги). 53. Ургъалида тIаде тIенкелгIанай ясги гьаюнила. 54. Ургъалицца черхх чIварабила, чоцца гьор кварабила. 55. Ургъел бегьуларев, багьа кьун, восуларев. 56. Ургъел бикьуларев вокьулев хваги, Рокьул бицунарей йокьулей хваги. 57. Ургъел гуребаб ургъеллъугеги, рухIел гуребаб рухIеллъугеги. 58. Ургъел гьечIеб жо ракIалда чIчIолареб. 59. Ургъел гьечIеб жоялълъе шакдари дагьаб. 60. Ургъел гьечIев чи ватичIев, чехь бухIичIеб черхх батичIеб. МагIарулаз гьаб кици бухьинабула Зулкъарнайицца эбелалде гьабун букIараб васигаталда. Гьесс эбелалде васигат гьабун тарабила, жинда ххадуб гьабулеб ссадакъа чи хвечIев, чехь бухIичIев чияссе кьеян. ЦIакъ жигар бахъарабила эбелалълъ гьединал гIадамал ралагьизе, цонигини ватичIевила. Цинги эбелалда бичIчIарабила чи холаревги чехь бухIуларевги чи дунялалда вукIунаревлъи. Гьединлъидал ссабруялдаги чIчIарайила. 61. Ургъел гьечIессул гIумру ххалатаб, хIалтIи бокьуларессул гьанта ххалатаб. 62. Ургъел гьечIессул макьу щулияб. 63. Ургъел гьитIинассул гIагIай кIудияб. 64. Ургъел кьижараб, рокьи борчIараб. 65. Ургъел кIудияссе сордо кIудияб. 66. Ургъел макьигъдулеб, рокьи гьабудулеб. 67. Ургъел тIасса ингун, беццаб бералда канлъи бихьулеб. 68. УргъичIого вагъани, вагъичIого холев (къолев). 69. УргъичIого иш гьабулелги рукIунелила гIадамал, ишго гьечIого, ургъулелги рукIунелила гIадамал. 70. УргъичIого кьвагьараб рагIи – ишан кквечIого, речIчIараб чIор. 71. УргъичIого кIалъарав кIицIцIул холев. 72. УргъичIого рагIи бицунге, чIамичIого квен кванаге. 73. УргъичIого реххараб рагIиялълъухъ ххонжрол жаваб щвезе бегьулеб. 74. УргъичIого тIамураб цо галиялълъ тIолабго гIумруялда гIуж лъолеб. 75. Ургъун бецце, беццараб кIалалълъ какизе ккезе гурин. 76. Ургъун гьабе, аралда ххадуб ракI бухIуге. 77. Ургъун гьабуралълъул рогьо дагьаб. 78. Ургъун гьагIеян абурабила игьалиссесс хIамида. 79. Ургъун рагIи бицунев, борцун гали тIамулев. 80. Ургъун рагIи гъваридаб, гъвалил тIатIи бицатаб. 81. Ургъун хIалтIичIони, хIассил кколаро, Кверда гьечIеб гьунар камиллъуларо. 82. Ургьиб циги ккун, царал рачIчI кIалдибги ккун. 83. Ургьибе борохь биччани, тIулищ кваналеб, ракIищ борлIилебан гьикъулебила. 84. Ургьибе ккараб жоялде саву кколареб. 85. Ургьибеги лIугьунеб, нахъеги бачIунеб борохь. 86. Урхъукье вачIа, дадал! 87. Устар лъала, къайи бихьун. 88. Устарассда релълъараб букIуна хIалтIиги. 89. Устарассул къед квешаб, къебедассул нус квешаб (Устарассул хьит гьечIеб, къебедассул нус гьечIеб). 90. Устарассул роцц-роццго устарабила. Цо чияссул ххвалчен гьетIун букIанила. Гьебги босун, битIизабизе къебедассухъе анила. Къебедасс ххвалчен, кIиябго квералълъ аххалъи-тIаралъиги ккун, цо кIиго нухалълъ роццалда тунканила. - ВахI, гьебни дихъагоги бажарулеб хIалтIи букIун буго. Дицца дуе гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ мухьги кьеларо, – ян абунила ххвалчадул бетIергьанасс. - Бажарулеб батани, махха, дуццаго битIизабе, – янги абун, накалдаги тункун, къебедасс ххвалчен бетIергьанассухъе кьунила. БетIергьан, къебедго гIадин, накалдаги тункун, ххвалчен битIизабизе лIугьанила. КигIанни гьесс жигар бахъаниги, ххвалчен, гьетIун гурони, битIизабизе кIун гьечIо. ЦIакъго гьесс хIал гьабидал, бекунги ун буго. Валлагьин, унтарассул роцц-роццго устараб букIунеб букIун бугилан абурабила чара хварав ххвалчадул бетIергьанасс. 91. Устарассул хIатIалги устарал. 92. Устарги вукIуна, хIуртIаустарги вукIуна. 93. Устарзаби гIемер рукIуна, маххщел бугел дагьал рукIуна. 94. «Ухха» гIемерассул гIакълу мукъссанаб, калам лълъамияссул керен махIцараб. 95. Уххи дуцца гьабидал, моцIцIаби диццайищ гъелел? 96. Учузаб жо босизегIан бечедав гьечIила живан абулебила жугьутIасс. 97. Учузабги лълъикIабги жо букIунаребила. 98. Учузго кьолеб лълъикIаб жоги лълъикIго кколеб ххеххаб жоги букIунареб. 99. Уяб батани, цIун бачIаги!
- t | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Э e 1. Эбел гьечIев вукIунаревила, яц гьечIев ватуларевила. 2. Эбел-инссуе гьабураб хъулухъ – дуего нухде бараб тIехх. 3. Эбел-инссуе жалго кигIан рокьулел рукIаралали лъазе, лъимер щвечIого, щивниги хогегийила. 4. Эбел-инссуе кьураб гIакъуба – дурго нухде бан тараб заз. 5. Эбел-инссуе нужецца гьабураб, нужер лъималаз нужееги гьабулеб. 6. Эбел-инссул адабгьечI жужахIалълъул тIинде реххулевила. 7. Эбел-инссул бечелъиялълъила лъимал хвезарулел. 8. Эбел-инссул дуцца гьабулеб адаб – дурго лъималаздассан дуего щвезессеб давла. 9. Эбел-инссул ракI – лъималазда, лъималазул ракI – гьаваялда. 10. Эбел-инссул талихIги талихIкъосинги лъималазулIила букIунеб. 11. Эбел-инссул хIурмат тарав ххалкъалълъе басралъула. 12. Эбел йигей ясалълъул къаданижо борххатаб. 13. Эбел йихьун, яс йосе, мицIцIир бихьун, ххам босе. 14. Эбел йихьун, яс яче, эмен вихьун, дурцц гьаве. 15. Эбел лълъикIай гурейила ячуней, жийго лълъикIайила. 16. Эбел ракI-ракIалълъ гIодулей, ххутIарал ххвалие гIодулел. 17. Эбел-лъимал тIезарулебги – мацIцI, росс-лълъади ратIа гьарулебги – мацIцI. 18. Эбел-лъималазда гьоркьоб ккараб рагIи – гIурччинаб ххарде ккараб гIазу. 19. Эбел разилъичIого, яс чIчIужулъун ячунге. 20. Эбел хвани, кьегIер ххарде буссуна, ЛълъикIав гьудул хварай ссунде чучилей? 21. Эбел хвараб кьегIер кьурде бахунебила. 22. Эбел цадахъал – царгъинире, эбел гьечIел – къватIире. 23. Эбел ясандухъан йигони, яс кьурдухъан йикIуна. 24. Эбел-эмен разияб лъимер – лIугIи гьечIеб ххазина. 25. Эбел-эмен ххер гьарулелги – лъимал, бахIар гьарулелги – лъимал. 26. Эбел-ясалда гьоркьобги меседил баргъич биларабила. 27. Эбелаб балагь бачIунгеги, ракъул къали кIутIугеги. 28. Эбелаб росуги инссулаб нухги кIочонгейила. 29. Эбелалда ургьиссанго гурев гьекъолдухъан вахъунев, жакъа парччи гьекъон, метер хъаба гьекъонила. 30. Эбелалълъ гьавичIевги вацц гIемер вукIунев. 31. Эбелалълъ еццарай ячунгейила, авал-къоноялълъ еццарай ячейила. 32. Эбелалълъ еццичIей лълъицца еццилей? Вокьулесс ячинчIей лълъицца ячиней? 33. Эбелалълъ малълъун гуро милъиршоялълъ бусен гьабулеб, инссуцца малълъун гуро устарассул вас устар лIугьунев. 34. Эбелалълъе васги вукIине кколев бахIарчи, ясалълъе россги вукIине кколев. 35. Эбелалълъе ясги вугев дун, ясалълъе россги вугев дун. 36. Эбелалълъул квешай ясги якьадалълъул лълъикIай нусги йикIунарей. 37. Эбелалълъул ракI – васассул каранда, васассул ракI – ЦIцIоралълъул мугIрузда. 38. Эбелалълъул ракI лъималазда лъалебани, гьей егараб бакIалда тIад квер бахъун гурони, кьижилароанила. – Эбелалълъул рокъой бакъ унеб бугин, Балъида цIцIал кIутIе, бахIар руччаби. - Бакъараб чехьалда къоно чIван бугин, Бакъуда цIцIал кIутIе, малаикзаби. Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби ТIелекь росулI рижун руго. Хур нуцалчияссул букIун буго. Росдал руччаби гьессие жидеда тIадаб къо гьабулел, гьессул чIахIиял хурзал лъилъулел рукIун руго. Бакъ гIебеде балагьун бихьараб меххалълъ, хъантIарав нуцалчиясс руччабазда гьадал рагIаби абун руго. Ракъуцца хIалги гьабун, къо кидадай инаян ругел руччабазги нуцалчияссул чара хвараб гьадаб жаваб кьун буго. 39. Эбелалълъул рокьи ккечIони, ясалълъе росс щоларев. 40. Эбелалълъул рокьи ккун, яс кьурайила, инссул рокьи ккун, васассе ячарайила. 41. Эбелалълъул хIила бергьун, ххинкIал гIиссин гьарунила, лъималазул макру цIцIикIкIун, кIи-кIи цадахъ квананила. 42. Эбелалълъул цого жо – царгъиниве гъецIеро. 43. Эбелалълъул цIцIалкIил гьаракь рагIулареб бакIалда сордо баларев «багьадур». 44. Эбелалълъул цIцIалкIил гьаракь рагIулареб бакIалда сордо баларев вас, хIамил рачIчI ккуниги, кверда пинкь бахъуней къоролалълъуй яс. 45. Эбелалълъухъ гIенеккуларел ВатIаналълъеги мутIигIлъуларел. 46. Эбелалълъухъ гIин тIамуларей ясалълъ чияхъ гIин тIамиларо. 47. Эбелги ясги – расаги гIункIкIги, нусги якьадги – ракьаги нусги. 48. Эбелдахъан – асс, инссухъан – къо. 49. Эбелдахъан гIагарлъиялълъул гурхIел цIцIикIкIарабила. 50. Эбеллъун яхъине – бигьаяб жо, эбеллъи гьабизе – захIматаб жо. 51. Эбел-эмен лъималазе алжаналълъул кавабийила. 52. Эбел-эмен рукIунелила кидадай лъимал кIудиял гIелаян; лъимал рукIунелила кидадай гьел хвелаян. 53. Эгъе кьуранани, кьолбое гIолев, кьурун вуссанани, росдае гIолев. 54. Элтир бихьун, кьегIер хъве, гIала бихьун, чу босе. 55. Эмен беццав, вацц гIинкъав 56. Эмен васаб, вас эменаб къайи-ссвериялдасса цIунагийила. 57. Эмен вукIаго – бессдалал, росс вукIаго – къоролай. 58. Эмен гъоркье реххараб гьегь мунгоги херлъилалде нахъе цIуне. Хханассул бюрухъ букIун буго хIалтIул гIумруялдасса арал херал эбел-эмен, гьагьинирги лъун, кьурсса гъоркье реххеян. Гьедин киназго реххулелги рукIун руго. Цо херай эбел гъоркье реххулеб меххалълъилан бицен буго, гьелълъ васассда гьарарабила - «Ворехха, дир вас, хIатIил кьватIараб бакI тункиларедухъ реххе», – ян. Цо эмен реххулеб меххалълъ, гьесс гьабураб васигат батIияб буго. «Ворехха, дир вас, – ан абун буго гьесс, – херлъараб меххалълъ мунгоги реххизе, гьаб гьегь нахъе цIунун те!» Инссуда цIакъ ракIги гурхIун, жинццаго эмен реххарав гIадин, жиндир васасс живги реххизе вукIиналълъул ххиялги гьабун, гьесс эмен гъоркье реххун гьечIо. Хханассдасса балъго, нахъарокъов тун, хьихьун вуго. Хханзабазул букIараб гIадаталда рекъон, цо хханасс гIадамал гъоркье ралев хханассе цо оц битIун бачIун буго. Кагътида хъван букIун буго, гьаб оцол хIалалабги хIарамабги гьан батIа гьабизе лъани, жинцца дуе пуланаб росуги кьелила, лъачIони, цо росу дуцца диеги кьезе кколилан. Жиндирго ххалкъги данде гьабун, хханасс гьеб суалалда тIад ургъизе лъабго къо кьун буго. Нахъа рокъов ваххчизавурав кIудияв чиясс гьикъун буго, щайин жакъа хханасс ххалкъ данде гьабун букIарабилан. Васассги бицун буго хханассда чIван бугеб кIудияб ургъалил. КIудияв чиясс васассда малълъун буго, дуцца абейила хханассда, гьеб оцги хъун, гIадамал кваназарейин, цаби рикIараб гьанги, гIодобе реххизе биччачIого, цо бакIалде бакIаризе гьабейилан. Цинги гьеб гьанги битIейин дов хханассухъе, дуцца нижее битIараб оцода гьабгощинаб гьан хIарамаб батанин, хIалалабщинаб нижеццаги кванилан. Хханасс лъабго къоялдассан ххалкъ данде гьабун буго. Жаваб кьезе кIолев чи гьадав ваххчарав кIудияв чияссул вас гурони ватун гьечIо. Киназго гьев гIолохъанчияссул жаваб битIараблъун рикIкIун буго. Гьесс абухъе гьабураб меххалълъ, гьезул хханги дандияссдасса бергьун вуго. Нахъе-нахъеги рачIарал гьададиналго гъваридал суалазе гIакъилал жавабал гьавго васасс кьураб меххалълъ, ххан щаклъун вуго, чIчIезабун буго, гьав гIолохъанчиясс ургъарал жавабал гьал гурин, гьалда жаниб жив ххадув гъолареб цо хIикмат батизе кколилан. АсскIовеги ахIун, хханасс гIолохъанчияссда абун буго, гьал захIматал суалазе жавабал кьей дур гьунар гуреблъи лъалин дида, щив гIакъиласс дуда гьал жавабал малълъулел ратаниги, гьев чи жинда бицеян. ГIолохъанчиясс кинабго жо битIун бицун буго. Гьеб меххалълъ хханассда бичIчIун буго, хханлъи цIунизе ккани, яшавалда жаниб жидер хIалбихьи бугел херал, гIакъилал гIадамал къваригIунел рукIин. ЦIияб буюрухъ кьун буго - «Херал эбел-эмен гъоркьеги реххуге, гьезул хIурматги цIуне», – ян. 59. Эмен гьечIессдасса, эбел гьечIев цIцIикIкIун бессдалавила. 60. Эмен гьечIессул кIудияв эмен валагьуге. 61. Эмен гьобол гIадав чи, рукъалълъул хIал эбелалда лълъикI лъала. 62. Эмен къолохъан вугони, вас кьурдухъан вахъуневила. 63. Эмен къваригIунареб къо бачIунареб. 64. Эмен лълъикIассдасса живго лълъикIав лълъикI, эбел лълъикIалдасса яс лълъикIай лълъикI. 65. Эмен рихарав васассда живгоги рихунев. 66. Эмен хвеларев щив, оц хъвеларев щив! (дуцца диеги гьабичIо, дицца дуеги гьабиларо). Гьал рагIаби абула кинавго чияссда цо хIалги букIунаро, чи къваригIараб къоги щибав чияссде бащад бачIуна, балагьила духъги абураб магIнаялда. ГIемериссеб меххалълъ гьадин абула, жиндирго хIалтIи лIугIигун, чияе кумек гьабуларев, магIарулазул лълъикIаб гIадат хвезабурав хIалихьатав чияссде. 67. Эмен цин кваналев, эбел кIицIцIул кваналей, лъимал лъабцIцIул кваналел. 68. Эменали ГIакарутIа вижун ватизеги бегьула, чиясс тIасса бищизе ккола ссанагIатаб бакI. 69. Эменги дир чIвалев, бидвиххунги дун витIулев. 70. Эменлъи гьабурассе васлъи гьабе, ваццлъи гьабурассе ваццлъи гьабе. 71. Эмехваги хераб оцол ракьаялълъул. 72. Эниб бичIчIичIони, анибги бичIчIулареб (Малълъулессда бичIчIулареб жо гIенеккарассдаги бичIчIулареб). 73. Эххебе араб гIор нахъ буссунареб. 74. Эххебе араб лълъецца гьобо хIалтIулареб. 75. Эххебе битIараб хIетIе сабаблъунги кколебила росс-лълъадиялда гьоркьоб рагIи. 76. Эххебемохъалълъ рещтIа, эххедемохъалълъ рекIа. 77. ЭххеберегIел гьечIеб эххедерегIел букIунареб. 78. Эххеде валагьарав гIодов ххутIаравила, гIодове валагьарав вахъун ккаравила. 79. Эххеде ваханагIан гьури кутакаб. 80. Эххеде йорххани, рокьи бугилан абула, гIодое къулани, къинай йигилан абула. 81. Эххеде мохъалълъ – чотIахъан, чи гьечIелълъув – багьадур. 82. Эххеде реххараб тIагъур гIодобе бачIинегIанги бихьинчияссе хIалхьи лълъикIаб. 83. Эххеде реххараб тIагъур гIодобе бачIинегIанги чияссул бахIарчилъи лIугьунеб. 84. Эххеде унелълъул, нахъвуссине ккеялълъулги хIисаб гьабе. 85. Эххедераялълъ – чотIацIакъ, чияр рокъов – саххават.
- khkh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ХI \ 1. ХIабургъараб гъуй гъваридабилан кколебила. 2. ХIабургъараб меххалълъ гIор бахунареб. 3. ХIайван кIал гIебаб лълъикIаб, гIанкIу гозо бегIераб лълъикIаб. 4. ХIайван – тIассан чараб, гIадан – жаниссан чарав. 5. ХIайван хвани - ракьа, чи хвани - ишал. 6. ХIайван хIайваналда релълъараб, гIадан гIадамассда релълъарав. 7. ХIайваналда ччехI ккани, риидал кьаралъула, рукъалда ччехI кканани, чанги сон къваригIуна. 8. ХIажалъиялълъ малълъула, магъалоялълъ квегъула. 9. ХIажат гьечIеб ххабаралда ххадувги лIугьунге, кколареб ишги бетIералде босуге. 10. ХIажизабазулги рещтIунгегийила бо. 11. ХIажигIисал хъулухъ. Кици бижун буго наибассул гьобол ХIажигIиссал баркала гьечIеб хъулухъалда тIад. Наибассе бокьун букIун буго йокьарай гIадангун кIалъазе. ЦIакьго наибассе хъулухъ бацIцIад гьабулев чи хIисабалда, ХIажигIисса гьессдасса ватIалъун гьечIо. Наибассе йокьулелда кIалъазе рес ккун гьечIо. Гьединаб хъулухъалда авараз абула ХIажигIисал хъулухъан. Кколареб иш бетIералде босарав чияссдеги абула кIудияв ХIажигIиса вугилан. 12. ХIажияссул ракI ХIавал кIалдиб. 13. ХIайваналцин рагъизе тIами Аллагьасс гьукъараб жойила. 14. ХIакимассда ццевессанги унге, хIамида нахъассанги унге. 15. ХIакимзаби рихьидал, «рорчIами!» – ян вортулев, цогидазда бер чIвайдал, рихьичIеб ххвел гьабулев. 16. ХIакимассул витIи – чи ватIа гьавунгутIи. 17. ХIакъаб рагIиялълъул къимат холареб. 18. ХIакъги къоги – къарал бугъие. 19. ХIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодоссан. 20. ХIал бугев – кидаго ххан, хIаликъав – кидаго лагъ. 21. ХIал бугессул гIанкIудул хоноялълъ хIал гьечIессул гIурул хоно бекулебила. 22. ХIал гIоларев хIилаялълъ бергьунев. 23. ХIал гIолеб гьечIони, хIилаги бегьулеб. 24. ХIал кколареб гьудуллъи ххалат ххутIулареб. 25. ХIал лъаларев гьудул – бекичIеб цIулакьо (ХIал лъаларев гьудулги бекичIеб цIулакьоги цого жалила). 26. ХIал лъаларей чIчIужугIаданалда тIаде иналдасса рекIараб ххвалчада тIаде ин лълъикIила. 27. ХIал лъаларессухъеги кьогейила налъи, хIал лъаларессухъаги босугейила. 28. ХIал хъубал гIадамал рукIинчIелани, ракьалдаги алжан букIинаанила. 29. ХIалакъаб жоялълъул гьан кьарияб бакIалдасса лълъикIаб, кьарияб жоялълъул гьан хIалакъаб бакIалдасса лълъикIаб. 30. ХIалакъаб куйдул боххалдасса кьарияб чахъдал ратIа лълъикIаб (ХIалакъаб цIцIеялдасса кьарияб бурутIго лълъикI). 31. ХIалакъаб чахъдал гьаракь рагIулареб. 32. ХIалакъаб чол гьод ххалатаб, гьекъарав чияссул ххабар чIамучIаб. 33. ХIалакъаб чу – квешаб чу, кьарияб чу – лълъикIаб чу. ГIодор чIчIарал гIадамазда ццевессан анила цо рекIарав. - Чол цIакълъи! Берцинлъи! – ян киназго беццанила нухлулассул чу. - Долълъул кьаралъигихха, дир лъимал! – ан абунила тIириги канлъи бихьуларев херав чияссги. Канлъиги бихьулареб меххалълъ, дуда доб чу кьарияб букIин кин лъарабан абигун, кIудияв чиясс гьадаб кици тIамун буго. 34. ХIалалав вакъуларо, бикъарав гIорцIцIуларо. 35. ХIаликъассул рагIи кIудияб, къокъассул гIамал кIудияб. 36. ХIалил хIалтIиялълъ черхх чIвалеб, хIалтIуларесс рукъ чIвалеб. 37. ХIалимаб чахъу лъабцIцIул къунцIулебила. 38. ХIалимассда къвал бай, къел кколев довегIан те. 39. ХIалимассе хъиру гIадав, хъачIассе квасквас гIадав. 40. ХIалихьалъиялда цадахъ хIалихьалъи хьвадулебила, бихьинчилъиялда цадахъ бихьинчилъи рекъолебила. 41. ХIалихьатав васассдасса, гьевги хун, чIчIикIараб бахъухъго лълъикIила. 42. ХIалихьатав ватидал, чияссе гьабизессеб тамихI – реххунтей. 43. ХIалихьатав гьудулассдасса бахIарчияв тушманго лълъикIила. 44. ХIалихьатаб гьой чурутIа багъула, хIалихьатав чи гъасстIа вагъула. 45. ХIалихьатав ххан ккани, улка биххулеб, хIалихьатав гIел ккани, магъил гIадлу биххулеб. 46. ХIалихьатав чияссда хIал лъазе тоге. 47. ХIалихьатав чияссухъа босараб хханида жаниб багIархоно батуларебила. 48. ХIалихьатассул рекIелI – ххиянат, бахIарчияссул рекIелI – ритIухълъи. 49. ХIалицца бахъараб ритIухълъи тIоххол къайи гIадаб жойила. 50. ХIалицца гIияда нахъе битIараб гьойца гьумер хъахIаб жо гьабулареб. 51. ХIалихьатав чи бусен борлIун вилълъизегIан чIаго ххутIагийила. 52. ХIалихьатав гьудулассдасса яхI бугев тушманго лълъикIила. 53. ХIалицца базабураб какил кири букIунареб, хIалицца гьабизабураб хIалтIуда гугьар букIунареб. 54. ХIалтIарассда лъала ххинкIазул тIагIам. 55. ХIалтIи балагье, хIалихьалъи баччуге; хъантIун кванаге, дандеяссухъги валагье. 56. ХIалтIи батарассда боцIцIиги батулеб. 57. ХIалтIи битIун унаро, бутIрул лълъикIал гьечIони, гьобоги ххеноларо, жонода тIад гурони. 58. ХIалтIи бокьарасс гьобо бай, ургъел бокьарасс гIи хьихье. 59. ХIалтIи бокьизе лъабго сон къваригIунеб, кIкIухIал лIугьине лъабго къоги гIолеб. 60. ХIалтIи бокьуларесс кьалги хIехьолареб. 61. ХIалтIи буго ракIалълъ гьабулеб жо. 62. ХIалтIи гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб маххщел, дагьаб жо гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб заман. 63. ХIалтIи гьечIев гIалимчи – цIцIад балареб накIкI. 64. ХIалтIи гьечIессе къо ххалатаб, рокьи ккарассе сордо ххалатаб. 65. ХIалтIи гьечIессул чед гьечIеб, чед гьечIони, гIумру гьечIеб. 66. ХIалтIи гьечIони, лълъикIлъи гьечIо, лълъикIлъи гьечIони, дунял гьечIо. 67. ХIалтIи, жаналда рекъон, гьабе, квен, чехьалда рекъон, кванай. 68. ХIалтIи катил гIадав, кванай хIамил гIадав. 69. ХIалтIи кутакалълъ гьабулареб, маххщелги къваригIунеб. 70. ХIалтIи къолеб, гIадамал бергьунел. 71. ХIалтIи лълъикIаб ххеххдаричIеб. 72. ХIалтIи лълъикIавги веццулев, хIелхIедаравги веццулев. 73. ХIалтIи – рухI гьечIеб жо. 74. ХIалтIи рихарассул гIусал-цабиги чIчIола (Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо). 75. ХIалтIи тIагIаралълъ гIомо борлIулеб. 76. ХIалтIи тIагIун, чи холарев (Дир инссуцца нусиялда ххадур сонал ран рукIанила, гьессулни хIалтIи лIугIун букIинчIила). 77. ХIалтIи тIагIуна, гьабичIого тараб меххалълъ. 78. ХIалтIи тIагIуна, нилI хвараб меххалълъ; чи регIула, ункъабго къоно чIвараб меххалълъ. 79. ХIалтIи чIалгIарассул цаби чIандоларел. 80. ХIалтIани маххги гвангъулеб. 81. ХIалтIарассул габур биццатаб, хIалтIуларессул гьури биццатаб. 82. ХIалтIизе ккани – херав, хвезе ккани – бахIарав. 83. ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабе. Эменги васги рекьуда рукIанила. Вас ццеве вилълъунев вукIанила, инссуцца пурццигIоркь ккун букIанила. Васассда хIалтIи ххеххгого чIалгIанила. Гьесс оцал рахънисса къватIире ине толел рукIанила. Эмен гьессде семулев вукIанила. - Дида дур лIугIиго гьечIеб хIалтIи чIалгIана! – янги абун, вас лIутун унев вукIанила. - ЧIчIа! – ян ахIанила инссуцца. – ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабизе вачIа! 84. ХIалтIичIони, хIалтIи букIунаро. 85. ХIалтIичIони, чIамулареб, чIамичIогоги гIолареб. 86. ХIалтIуда маххссара лъалареб, маххссараялълъ квен кьолареб. 87. ХIалтIуда рекъарабила мухьги букIунеб. 88. ХIалтIудасса хIинкъуларессдасса хIалтIи хIинкъулебила. 89. ХIалтIуде унелълъул ццевехъан – мискинчи; берталълъе унелълъул ццевехъан – бечедав чи. 90. ХIалтIуе – квалквад, квание – гъалбацI. 91. ХIалтIуе – кечI, кинидае – лаилагьа. 92. ХIалтIуе – пахъла, квание – хъанхъра. 93. ХIалтIуде – хьадар, квание – гIедер. 94. ХIалтIул квешлъи – гьабунгутIи, гьудулассул квешлъи– хIалккунгутIи. 95. ХIалтIул лълъикIлъи лIугIидал лъала, чияссул лълъикIлъи хведал лъала. 96. ХIалтIул пайда гьечIеб, пикру гьечIони. 97. ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 98. ХIалтIул ссвак хIалтIун гурони бахъулареб. 99. ХIалтIул ургъалида таги. 100. ХIалтIулев кванарав, хIалтIуларев хIацIцIадулев ххутIарав. 101. ХIалтIулел кверал гурел хъубал, хIалтIуларелин. 102. ХIалтIулел ратаралълъув хIалтIе, кваналел ратаралълъув кванай. 103. ХIалтIулIги кванилIги – ссундулIго гIорхъи букIине кколебила. 104. ХIалтIун бечелъарав гIорцIцIун хваравила, ххиялаз бечелъарав вакъун хваравила. 105. ХIалтIун бечелъула, бихьун цIцIодорлъула. 106. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIаб. Эбелги васалги хурир хIалтIулел рукIанила. Къалъуда эбелалълъ гьезда гьикъанила: - ГьабсагIат кьолеб ридигун ххинкIищ бокьилеб, бакъанида кьолеб хIаливайищ бокьилеб? - Бакъанида кьолеб хIаливаялдасса гьанжего кьолеб ридиги ххинкIги бокьила, эбел, – ан абунила цоясс. - Диени бакъанида кьолеб хIаливаго бокьила, – ян абунила цойгиясс. Бакъанида, хIалтIи лIугIун ххадуб, эбелалълъ кIиабилев васассда ццебеги гъобго ридиги ххинкIги лъунила. - ВахI, эбел, бакъанида хIалива кьезе гурищ къотIи букIараб? – ан абунила гьесс. - ХIалтIи лIугIун ххадуб кванараб ххинкI хIаливаялдасса гьуинаб букIуна, дир вас, хIал бихьея цо, – ян абунила эбелалълъ. - БитIараб букIун буго, эбел. ХIаливаялдасса гьуинаб ххинкIги буго, рахьалдасса тIагIамаб ридиги буго, – ян абунила васасс, гъираялда ццебе лъураб квенги кваналаго. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIабан кици рехханила эбелалълъ. 107. ХIалтIухъанассдасса хIалтIи хIинкъулеб, бахIарчияссдасса гула хIинкъулеб. 108. ХIалтIухъанассе мухь гьессда бараб гIетI бакъвалалде кьейила. 109. ХIалтIуцца хIалтIи малълъулеб, боцIцIуцца мацIцI малълъулеб. 110. ХIалхьи гьечIеб чIчIеялдасса чIчIей гьечIеб рилълъинго лълъикI. 111. ХIалценги, цIаги, рокьиги раххчун бажаруларелила. 112. ХIама бегьичIони, хIамихъ босараб бегьулеб. 113. ХIама бергьинегIан, чу биччалареб. 114. ХIама биларассулила къоги билулеб. 115. ХIама бугони, гъалдибер камиларо. 116. ХIама букIана – кьили щвечIо, кьили букIана – хIама щвечIо. 117. ХIама гIундуздассан лъалебила, гIабдал каламалдассан лъалевила. 118. ХIама кьололаго, кьолокьги чIвалеб, кьили бахъулаго, ххадубги чIвалеб. 119. ХIама кьололессеги хIал кьейила. 120. ХIама тункизабурассда гIорцIен тункизабулеб. 121. ХIама хвани, варис гьойила. 122. ХIама хвани, тIом ххутIула, на хвани, щибго ххутIуларо. 123. ХIама хвани, хур хола. 124. ХIама хвей – чодуе балагь. 125. ХIама – хIамихъего, чу – чохъего. 126. ХIама чIвай бацIил гIайиб батани, бацIал ругеб бакIалде ин хIамилги гIайиб буго. 127. ХIамабагьадур камураб росу букIунареб, хIажигIиса камураб бертин букIунареб. 128. ХIамабагьадурассул гIумру къокъаб. 129. ХIамабагьадурлъиги гьабуге, гьечIеб бахIарчилъи бихьизабизеги лIугьунге. 130. ХIамабахIарчилъи гьабизе ццевеги кIанцIуге, лIутизе нахъаги чIчIоге. 131. ХIамаги бацIадиссессул, бацIги бацIадиссессул. 132. ХIамаги дирго, гьирги дирго. 133. ХIамаги къваригIун, къадруги бокьун. 134. ХIамаги хIамайила, хIамида рекIаравги хIамайила. 135. ХIамагIанаб бацI букIунареб, бицанщинаб рагIи батулареб. 136. ХIамалъун гьагIулареб, гьойлъун хIапулареб. 137. ХIамида асскIобе гIари гуребила бачIунеб, гIорода асскIобе хIамайила. 138. ХIамида жибго хIама букIин, гIин цIцIараб меххалълъ гурони, лъачIебила. 139. ХIамида къвал бан, хIама балагьарав, чода рекIун, чу балагьарав. 140. ХIамида кьабизе щвечIони, гъалдибералдагIаги кьабейила. 141. ХIамида кьили рекъолареб, чода гъалдибер рекъолареб. 142. ХIамида кIерт берцинаб (Бищун берцинаб жоялда байилан хIамихъе цIцIумур кьурабила, гьелълъги жиндирго кIартида барабила). 143. ХIамида оххцер кваназе щибила лъалеб. 144. ХIамида рагIизе гъалдибералда кьабулеб. 145. ХIамида хIеренлъи лъалареб, лълъадуе рецц рекъолареб. 146. ХIамидаги мачу ретIарал, бачидаги чарухъал ретIарал. 147. ХIамидассанила бачида мал базе лъараб. 148. ХIамие жиндирго гьагIи берцинаб, хIелкие жиндирго гIегIеди берцинаб. 149. ХIамие тIил гьечIого гIолареб, тIоххое риди гьечIого гIолареб (ХIамие – тIил, тIоххое – риди). 150. ХIамие – хIенссеркIо, чодуе – цIцIал. 151. ХIамие – чури, чоде – кIалцIи. 152. ХIамикълъи бихьарассила хIамил къимат гьабулеб. 153. ХIамил гьагIдеялълъ гьойдул бетIер унтарабила. 154. ХIамил гIайиб – хIалакълъи, гIарцул гIайиб – гьечIолъи. 155. ХIамил гIундул ххалалъаралила, алжаналълъубе билълъунарого, цIцIан рачIчI къокълъарабила, къватIибе билълъунарого, тIун. 156. ХIамил инссухъачи гьвейила. 157. ХIамил мугъалда носол балги цун. 158. ХIамил рачIчIалда кигIан букIунебилан гьикъани, цоясс абила натI букIунилан, цогиясс абила натIгун бащадаб букIунилан. 159. ХIамил рачIчIалълъги чаргъеду ккурабила. 160. ХIамил сапаралълъ чи бечелъиларо. 161. ХIамил хвел – гьвел кIалбиччанкъо. 162. ХIамилги къажарассулги херлъи-бахIарлъи лъаларебила. 163. ХIамитIасса вортулев чотIа рекIунарев. 164. ХIамитIенкел тIад чIваниги, берцинай йиго берцинай. 165. ХIамихъего хьвагIулагойила бачил бохх бекараб. 166. ХIамицца абурабила, лъалареб бакIалдеги бачун, жиб чуйилан бичейилан. 167. ХIамицца ганчIилI речIчIулел, чоцца хIурулI речIчIулел. 168. ХIамицца гIундул кIорокIун, бацI хIинкъиларо. 169. ХIамицца жиндаго кьабизе тIил, къалиги бан, босарабила; гIабдалассда кьабизе тIил, къолода ххадуб ссахIги бан, босизе кколебила. 170. ХIамицца реххарав гIорцIада бегьуларев, гIорцIада чухьарлъарав чода ярагьунарев. 171. ХIан гIадин хIанчIиледухъ тамахгоги вукIунгейила, чIваркьан векиледухъ къвакIунги вукIунгейила. 172. ХIанчIарассда гурони, ххинкIил тIагIам лъалареб. 173. ХIанчIида ракIалда мочохурила. 174. ХIанчIидаги кIолебила жинда рекъараб лълъикIлъи гьабизе. Цо чияссул рукъзабахъ цIа ккун букIанила. Цояз гIертIаз, цояз хьагаз лълъимги баччун, цIа ссвинабизе лIугьанила гIадамал. ЦIа тIадеялдасса тIаде гьалаглъулеб букIанила. Кумекалълъе дагьалги гIадамал ругеланищан ккараб хIал букIанила. ГIадамазда чIчIечIого цIадуда тIаде боржун бачIунеб, нахъе унеб цо гьитIинаб хIинчIчI бихьанила. Цояз абунила гьаниб гьелълъул бусен батилилан, цогияз абунила тIинчI батилилан. Рукъалълъул бетIергьанассда бихьанила хIинчIчIалълъ, риччарал куркьбалги тварххезарун, цIадутIе лълъел къатIраби тIинкIизарулел. ГIажаиблъарав гьесс хIинчIчIалде ахIанила - - Я, пакъир! Гьалгощинал гIадамазда ссвинабизе кIоларого бугеб цIа дур куркьбаздассан тIинкIарал къатIрабазищ ссвинабилеб? - БитIараб буго, – ян абунила хIинчIчIалълъ. – Дир куркьбаздассан тIинкIараб лълъецца гьеб ссвинаро. Дие бокьун буго гIадамаз дуе гьабулеб кIудияб лълъикIлъиялда гьоркьоб цо гьитIинабниги бутIа дирги букIине! Гьединги абун, хIинчIчI нахъеги куркьбал риччизаризе анила. 175. ХIанчIчIие бусенги – ватIан, къоркъое хIорги – ватIан. 176. ХIанчIчIил багьа – чIарил хъат. 177. ХIанчIчIил кIалдисса мугьги бахъуге, чияда бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге. 178. Гьорол хIал хIанчIчIида лъалеб, лълъадал хIал ччугIида лъалеб. 179. ХIанчIчIилаб – хIанчIие, гъадилаб – гъадие. 180. ХIанчIчIицца абурабила - лълъикIав бахIарчиясс жинда гьецIцIоги речIчIиларила, къадарасс реххараб щвезе жибги чIчIеларила. 181. ХIанчIчIиццаги чIчIезе гIаркьел берцинаб бищулебила. 182. ХIапдолареб гьойдуе чури тIолареб. 183. ХIарам гьабурассе хIучч битIуларо. 184. ХIарам, хIалал кIоченчIого хIалтIулев Аллагьассеги вокьулев. 185. ХIарамаб боцIцIи кванан, кьаралъиялдаса, хIалалаб боцIцIи кванан, хIалакълъиго лълъикI. 186. ХIарамаб боцIцIуда баркат лъолареб. 187. ХIарччида нахъа чехь цIуне, чияр рокъоб бер цIуне. 188. ХIарччил кинаб рахъалдассан кваниги – цохIого мочол ххинкIал. 189. ХIарччиниб ххинкIги цо букIунаребила. 190. ХIарччиниссаги бортун, туртидассанги хъущтIун. 191. ХIарччихъ валагьун, кванай, копохъ валагьун, велъе. 192. ХIарщуда хIетIе хъвазе теларилан лIугьарав магIаруласс хIарщулI дегIен чIчIарабила. 193. ХIарщулI тIилал кьабуни, тIираби дудегоги щолел. 194. ХIарщулIе ккун чоргарав чурун вацIцIалъула, чагъир гьекъон чоргарав чурун вацIцIалъуларо. 195. ХIарщулIе реххунилан месед чуруклъулареб. 196. ХIарщулI цIцIалги кьабуге, цIцIалкIинибе лълъимги тIоге. 197. ХIасанил чу бачиде ккарабила. 198. ХIатIал ракулI ругессул кверал гьацIцIул цIолелила. 199. ХIатIида тункун ворчIиялдасса нуцIцIида тункун ворчIи лълъикIаб. 200. ХIатIиде бахине тани, нацIцI бетIералдеги бахунебила. 201. ХIатIикь щиб бугебали малъ гIодоб чIвалалде валагье. 202. ХIебтил бугониги, дирго кунта дарайдул. 203. ХIежалде анщинавги хIажи вукIунаревила, цIцIаланщинавги дибир вахъунаревила. 204. ХIежалде унилан, хIама хIажилъиларо. 205. ХIелеко гIегIедунилан сордо рогьинаро, гIегIедичIогойилан сордо рогьинчIогоги букIинаро. 206. ХIелеко лIугьунеб тIинчI ханинибго чIчIикIдулеб. 207. ХIелкида кколебила, жиб тIассан унелълъул, тIох тIечIого киндай ххутIулебилан. 208. ХIелкил гьудул гьечIевила, гьорол тушман гьечIевила. 209. ХIелкил гIадаб гIамал, гIебу гIадаб ракI. 210. ХIеренаб мацIцI чармил ххвалчадассаги бергьунебила. 211. ХIетIе кодобе босилалде, чIчIезе бакI хIадур гьабе. 212. ХIетIе хъущтIун вортарав тирщун тIаде вахъуна, мацIцI хъущтIун вортарассда вахъине хIал кIоларо. 213. ХIехьоларессе боцIцIи кьогеги, Аллагь! 214. ХIилаялълъ балагьуге, хIалтIун балагье. 215. ХIилаялълъ бергьинги гьунар буго. 216. ХIинкъараб гьой гIемер хIапдолебила. 217. ХIинкъараб лочнохъе чан щолареб, хIинкъараб боцца хъала бахъулареб. 218. ХIинкъарав гьойдаги ватIа гьавизе лъалевила. 219. ХIинкъарав къойил хола, къвакIарав цоцIцIул хола. 220. ХIинкъарав, къурав чиясс гIамал гIемер гьабула. 221. ХIинкъарав чияссда рохьги бойилан кколебила, гъотIол гIаркьелги жинде битIизабураб туманкIилан кколебила. 222. ХIинкъаравги гьардохъанги – гьвел мурад. 223. ХIинкъарассда мал балев, къвакIарассда къвал балев. 224. ХIинкъарассе хIалхьи гьечIеб. 225. ХIинкъарассул квер ххеххаб, виххарассул хIетI ххеххаб. 226. ХIинкъарассулгун гьудуллъи гьабуге. 227. ХIинкъарассухъа билараб багьадурассда батулеб. 228. ХIинкъи гьечIеб жо кетойила, кутак бугеб жо цIцIунцIцIрайила. 229. ХIинкъи гIанкIкIие те, хIамабагьадурлъи гIабдалассе те. 230. ХIинкъи – цIцIодорлъи, цIакълъи – гьаглъи. 231. ХIинкъизе бакI гьечIо чабхъад арав васассда, анцIила щуго сон бараб чуги буго, къого сон барав живгоги вуго. 232. ХIинкъиялдалъун чи къадаралдасса ворчIуларо. 233. ХIинкъуге, хIинкъараб жо толебани, катицца гIункIкI телаан. 234. ХIинкъуларев чи вукIунарев, биунареб чаран букIунареб. 235. ХIинкъуларев чи вукIунарев, хIехьезе кколеб. 236. ХIинкъун вукIин лълъикIав чияссги хIал дагьлъун букIин лълъикIаб чоццаги лъазе толареб. 237. ХIинкъун квараб гьанадасса хIинкъичIого квараб гьуэр лълъикIаб. 238. ХIинкъун къадаралдасса рорчIуларел, Аллагьасс гурони рухI бахъулареб. 239. ХIинццаб хIамаялда тIил рагIуларо, тIогьисса рачIчIги ккун, гьод буханиги. ТIадагьаб бетIералълъ малълъ босуларо, 240. тIолго гIалам бачIун, ццебе чIчIаниги. 241. ХIинчIчI бихьунила рорженги букIунеб. 242. ХIисаб бугин, бухIун кье. – ХIичи щиб? – ЧIчIикIу. –ЧIчIикIу щиб? – ХІичи. 243. ХIобода дарай ккуни, гьебги берцин бихьулеб. 244. ХIобое чIван, гIочIоцца чIалу кквеларо, чIалуе лъун, тIилицца тIох баччиларо. 245. ХIобоцца рукъ баччула, тIаде ккарасс къо хIехьола. 246. ХIор букIаралълъуб хIари камулареб. 247. ХIотоцца гьорчо кколареб. 248. ХIотол сум букIагIаги, мутIигIлъе бетIерассде. 249. ХIуби тиризабурассда цили тиризабулеб. 250. ХIуби чIвачIонани, чIалу бекула. 251. ХIуби чIвачIони, чIалу кколареб, чIчIужу гьечIони, рукъ кколареб. 252. ХIужа гьечIеб дагIбагун диваналде вахъунге. 253. ХIули – тIавусил, тIул-ракI – борхьил. 254. ХIунссизе хIамидаги кколеб. 255. ХIунчулеб заз баккудассаго лъалеб, лIугьунев чи гьитIинго лъалев. 256. ХIур тамахалъубила хIама гебергулеб. 257. ХIурмат бокьун батани, гIемер гаргадуге, сахлъи бокьун батани, гIемер кванаге.
- tsts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Л l Лабалда хурги бекьуге, бугъаоцги хьихьуге. labalda [urgi bepuge, buvaocgi %i%uge. Лабаллъуда хур гьабуге, лъарал рагIалда рукъ гьабуге. labal;uda [ur habuge, ;aral rafalda ruq habuge. Лагъ гIадин хIалте, ххан гIадин кванай. lav fadin \alTe, {an fadin kwanay. Лагъги озденги данделъани, бечелъулел. lavgi o#dengi dande;ani, bexe;ulel. Лагъассул ияхIги, хIамил хъетиги – цого жо. lavaSul iya\gi, \amil ]etigi - cogo $o. Лагълъи гьабурассе хханлъи щола, хханлъун гурони вукIинарилан лIугьарассе лагълъи щола. lav;i haburaSe {an;i &ola, {an;un guroni wujinarilan /uharaSe lav;i &ola. Лъагълъиялдасса хвел лълъикIила, ссуриялдасса цIа лълъикIила. lav;iyaldaSa [wel :ijila, SuriyaldaSa `a :ijila. Лал тIамизе бегьулареб къоялълъ, къед гьабизеги бегьулареб. lal Tami#e behulareb qoya:, qed habi#egi behulareb. ЛахIту бихьаниги, рухIел бихьугеги. la\tu bi%anigi, ru\el bi%ugegi. Лачен боржаралълъуб гъеду рещтIунеб. laxen bor$ara:ub vedu re&Tuneb. Жиндирго лълъикIай чIчIужуялдаги рекъечIого, чангиясс ячуна гьелдасса къадарай. Цоги аби буго гьадинабги - «Цо багьана бугей хьихьичIесс, кIиго багьана бугей хьихьизе ккарайила». $indirgo :ijay Zu$uyaldagi reqezogo, xangiyaS yaxuna heldaSa qadaray. cogi abi bugo hadinabgi - «co bahana bugey %i%izeS, jigo bahana bugey %i%i#e Karayila» Гьедин ккараб меххалълъ абула магIарулаз гьал рагIаби. hedin Karab me{a: abula mafarula# hal rafabi. Лачен – чанабе, гъеду – рохьобе. laxen - xanabe, vedu - ro%obe. Лаченги тарулеб, тайлан хъущтIулеб, тувадахъ гурони гIодоб кколареб. laxen taruleb, taylan ]u&Tuleb, tuwada] guroni fodob Kolereb. Лаченги чучула чи гIемерлъани, чаранги биуна цIа гьалаглъани. laxengi xuxula xi femer;ani, xarangi biuna `a halag;ani. Ле, гIакълугьечI, тIуруге, гIи тун гIангис кинигин, гIадамал тун хьвадани, хьитал хун басралъулин. le, faqluhez, Turuge, fi tun fangis kinigin, fadamal tun %wadani, %ital [un basra;ulin. «Ле!» – ян ахIарассде, «Я!» – ян ахIизе кIоларев къватIиве вахъунарев. «le!» - yan a\araSde, «ya!» - yan a\i#e jolarew qwaTiwe wa]unarew. «Ле!» – ян ахIунилан, ахIмакъ нахъ вуссунарев. «le!» - yan a\unilan, a\maq na] wuSunarew. Лочноде ххиял бугев чаргъадихъ валагьуларо. loxnode {iyal bugew xarvadi] walahularo. Лочнол бетIералда чаргъеду чIчIезабуге. loxnol beTeralda xarvedu Ze#abuge. Лочнол гьава – зодобе, гъадил гьава – рохьобе. loxnol hawa - #odobe, vadil hawa - ro%obe.
- kk | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ХI \ 1. ХIабургъараб гъуй гъваридабилан кколебила. 2. ХIабургъараб меххалълъ гIор бахунареб. 3. ХIайван кIал гIебаб лълъикIаб, гIанкIу гозо бегIераб лълъикIаб. 4. ХIайван – тIассан чараб, гIадан – жаниссан чарав. 5. ХIайван хвани - ракьа, чи хвани - ишал. 6. ХIайван хIайваналда релълъараб, гIадан гIадамассда релълъарав. 7. ХIайваналда ччехI ккани, риидал кьаралъула, рукъалда ччехI кканани, чанги сон къваригIуна. 8. ХIажалъиялълъ малълъула, магъалоялълъ квегъула. 9. ХIажат гьечIеб ххабаралда ххадувги лIугьунге, кколареб ишги бетIералде босуге. 10. ХIажизабазулги рещтIунгегийила бо. 11. ХIажигIисал хъулухъ. Кици бижун буго наибассул гьобол ХIажигIиссал баркала гьечIеб хъулухъалда тIад. Наибассе бокьун букIун буго йокьарай гIадангун кIалъазе. ЦIакьго наибассе хъулухъ бацIцIад гьабулев чи хIисабалда, ХIажигIисса гьессдасса ватIалъун гьечIо. Наибассе йокьулелда кIалъазе рес ккун гьечIо. Гьединаб хъулухъалда авараз абула ХIажигIисал хъулухъан. Кколареб иш бетIералде босарав чияссдеги абула кIудияв ХIажигIиса вугилан. 12. ХIажияссул ракI ХIавал кIалдиб. 13. ХIайваналцин рагъизе тIами Аллагьасс гьукъараб жойила. 14. ХIакимассда ццевессанги унге, хIамида нахъассанги унге. 15. ХIакимзаби рихьидал, «рорчIами!» – ян вортулев, цогидазда бер чIвайдал, рихьичIеб ххвел гьабулев. 16. ХIакимассул витIи – чи ватIа гьавунгутIи. 17. ХIакъаб рагIиялълъул къимат холареб. 18. ХIакъги къоги – къарал бугъие. 19. ХIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодоссан. 20. ХIал бугев – кидаго ххан, хIаликъав – кидаго лагъ. 21. ХIал бугессул гIанкIудул хоноялълъ хIал гьечIессул гIурул хоно бекулебила. 22. ХIал гIоларев хIилаялълъ бергьунев. 23. ХIал гIолеб гьечIони, хIилаги бегьулеб. 24. ХIал кколареб гьудуллъи ххалат ххутIулареб. 25. ХIал лъаларев гьудул – бекичIеб цIулакьо (ХIал лъаларев гьудулги бекичIеб цIулакьоги цого жалила). 26. ХIал лъаларей чIчIужугIаданалда тIаде иналдасса рекIараб ххвалчада тIаде ин лълъикIила. 27. ХIал лъаларессухъеги кьогейила налъи, хIал лъаларессухъаги босугейила. 28. ХIал хъубал гIадамал рукIинчIелани, ракьалдаги алжан букIинаанила. 29. ХIалакъаб жоялълъул гьан кьарияб бакIалдасса лълъикIаб, кьарияб жоялълъул гьан хIалакъаб бакIалдасса лълъикIаб. 30. ХIалакъаб куйдул боххалдасса кьарияб чахъдал ратIа лълъикIаб (ХIалакъаб цIцIеялдасса кьарияб бурутIго лълъикI). 31. ХIалакъаб чахъдал гьаракь рагIулареб. 32. ХIалакъаб чол гьод ххалатаб, гьекъарав чияссул ххабар чIамучIаб. 33. ХIалакъаб чу – квешаб чу, кьарияб чу – лълъикIаб чу. ГIодор чIчIарал гIадамазда ццевессан анила цо рекIарав. - Чол цIакълъи! Берцинлъи! – ян киназго беццанила нухлулассул чу. - Долълъул кьаралъигихха, дир лъимал! – ан абунила тIириги канлъи бихьуларев херав чияссги. Канлъиги бихьулареб меххалълъ, дуда доб чу кьарияб букIин кин лъарабан абигун, кIудияв чиясс гьадаб кици тIамун буго. 34. ХIалалав вакъуларо, бикъарав гIорцIцIуларо. 35. ХIаликъассул рагIи кIудияб, къокъассул гIамал кIудияб. 36. ХIалил хIалтIиялълъ черхх чIвалеб, хIалтIуларесс рукъ чIвалеб. 37. ХIалимаб чахъу лъабцIцIул къунцIулебила. 38. ХIалимассда къвал бай, къел кколев довегIан те. 39. ХIалимассе хъиру гIадав, хъачIассе квасквас гIадав. 40. ХIалихьалъиялда цадахъ хIалихьалъи хьвадулебила, бихьинчилъиялда цадахъ бихьинчилъи рекъолебила. 41. ХIалихьатав васассдасса, гьевги хун, чIчIикIараб бахъухъго лълъикIила. 42. ХIалихьатав ватидал, чияссе гьабизессеб тамихI – реххунтей. 43. ХIалихьатав гьудулассдасса бахIарчияв тушманго лълъикIила. 44. ХIалихьатаб гьой чурутIа багъула, хIалихьатав чи гъасстIа вагъула. 45. ХIалихьатав ххан ккани, улка биххулеб, хIалихьатав гIел ккани, магъил гIадлу биххулеб. 46. ХIалихьатав чияссда хIал лъазе тоге. 47. ХIалихьатав чияссухъа босараб хханида жаниб багIархоно батуларебила. 48. ХIалихьатассул рекIелI – ххиянат, бахIарчияссул рекIелI – ритIухълъи. 49. ХIалицца бахъараб ритIухълъи тIоххол къайи гIадаб жойила. 50. ХIалицца гIияда нахъе битIараб гьойца гьумер хъахIаб жо гьабулареб. 51. ХIалихьатав чи бусен борлIун вилълъизегIан чIаго ххутIагийила. 52. ХIалихьатав гьудулассдасса яхI бугев тушманго лълъикIила. 53. ХIалицца базабураб какил кири букIунареб, хIалицца гьабизабураб хIалтIуда гугьар букIунареб. 54. ХIалтIарассда лъала ххинкIазул тIагIам. 55. ХIалтIи балагье, хIалихьалъи баччуге; хъантIун кванаге, дандеяссухъги валагье. 56. ХIалтIи батарассда боцIцIиги батулеб. 57. ХIалтIи битIун унаро, бутIрул лълъикIал гьечIони, гьобоги ххеноларо, жонода тIад гурони. 58. ХIалтIи бокьарасс гьобо бай, ургъел бокьарасс гIи хьихье. 59. ХIалтIи бокьизе лъабго сон къваригIунеб, кIкIухIал лIугьине лъабго къоги гIолеб. 60. ХIалтIи бокьуларесс кьалги хIехьолареб. 61. ХIалтIи буго ракIалълъ гьабулеб жо. 62. ХIалтIи гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб маххщел, дагьаб жо гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб заман. 63. ХIалтIи гьечIев гIалимчи – цIцIад балареб накIкI. 64. ХIалтIи гьечIессе къо ххалатаб, рокьи ккарассе сордо ххалатаб. 65. ХIалтIи гьечIессул чед гьечIеб, чед гьечIони, гIумру гьечIеб. 66. ХIалтIи гьечIони, лълъикIлъи гьечIо, лълъикIлъи гьечIони, дунял гьечIо. 67. ХIалтIи, жаналда рекъон, гьабе, квен, чехьалда рекъон, кванай. 68. ХIалтIи катил гIадав, кванай хIамил гIадав. 69. ХIалтIи кутакалълъ гьабулареб, маххщелги къваригIунеб. 70. ХIалтIи къолеб, гIадамал бергьунел. 71. ХIалтIи лълъикIаб ххеххдаричIеб. 72. ХIалтIи лълъикIавги веццулев, хIелхIедаравги веццулев. 73. ХIалтIи – рухI гьечIеб жо. 74. ХIалтIи рихарассул гIусал-цабиги чIчIола (Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо). 75. ХIалтIи тIагIаралълъ гIомо борлIулеб. 76. ХIалтIи тIагIун, чи холарев (Дир инссуцца нусиялда ххадур сонал ран рукIанила, гьессулни хIалтIи лIугIун букIинчIила). 77. ХIалтIи тIагIуна, гьабичIого тараб меххалълъ. 78. ХIалтIи тIагIуна, нилI хвараб меххалълъ; чи регIула, ункъабго къоно чIвараб меххалълъ. 79. ХIалтIи чIалгIарассул цаби чIандоларел. 80. ХIалтIани маххги гвангъулеб. 81. ХIалтIарассул габур биццатаб, хIалтIуларессул гьури биццатаб. 82. ХIалтIизе ккани – херав, хвезе ккани – бахIарав. 83. ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабе. Эменги васги рекьуда рукIанила. Вас ццеве вилълъунев вукIанила, инссуцца пурццигIоркь ккун букIанила. Васассда хIалтIи ххеххгого чIалгIанила. Гьесс оцал рахънисса къватIире ине толел рукIанила. Эмен гьессде семулев вукIанила. - Дида дур лIугIиго гьечIеб хIалтIи чIалгIана! – янги абун, вас лIутун унев вукIанила. - ЧIчIа! – ян ахIанила инссуцца. – ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабизе вачIа! 84. ХIалтIичIони, хIалтIи букIунаро. 85. ХIалтIичIони, чIамулареб, чIамичIогоги гIолареб. 86. ХIалтIуда маххссара лъалареб, маххссараялълъ квен кьолареб. 87. ХIалтIуда рекъарабила мухьги букIунеб. 88. ХIалтIудасса хIинкъуларессдасса хIалтIи хIинкъулебила. 89. ХIалтIуде унелълъул ццевехъан – мискинчи; берталълъе унелълъул ццевехъан – бечедав чи. 90. ХIалтIуе – квалквад, квание – гъалбацI. 91. ХIалтIуе – кечI, кинидае – лаилагьа. 92. ХIалтIуе – пахъла, квание – хъанхъра. 93. ХIалтIуде – хьадар, квание – гIедер. 94. ХIалтIул квешлъи – гьабунгутIи, гьудулассул квешлъи– хIалккунгутIи. 95. ХIалтIул лълъикIлъи лIугIидал лъала, чияссул лълъикIлъи хведал лъала. 96. ХIалтIул пайда гьечIеб, пикру гьечIони. 97. ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 98. ХIалтIул ссвак хIалтIун гурони бахъулареб. 99. ХIалтIул ургъалида таги. 100. ХIалтIулев кванарав, хIалтIуларев хIацIцIадулев ххутIарав. 101. ХIалтIулел кверал гурел хъубал, хIалтIуларелин. 102. ХIалтIулел ратаралълъув хIалтIе, кваналел ратаралълъув кванай. 103. ХIалтIулIги кванилIги – ссундулIго гIорхъи букIине кколебила. 104. ХIалтIун бечелъарав гIорцIцIун хваравила, ххиялаз бечелъарав вакъун хваравила. 105. ХIалтIун бечелъула, бихьун цIцIодорлъула. 106. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIаб. Эбелги васалги хурир хIалтIулел рукIанила. Къалъуда эбелалълъ гьезда гьикъанила: - ГьабсагIат кьолеб ридигун ххинкIищ бокьилеб, бакъанида кьолеб хIаливайищ бокьилеб? - Бакъанида кьолеб хIаливаялдасса гьанжего кьолеб ридиги ххинкIги бокьила, эбел, – ан абунила цоясс. - Диени бакъанида кьолеб хIаливаго бокьила, – ян абунила цойгиясс. Бакъанида, хIалтIи лIугIун ххадуб, эбелалълъ кIиабилев васассда ццебеги гъобго ридиги ххинкIги лъунила. - ВахI, эбел, бакъанида хIалива кьезе гурищ къотIи букIараб? – ан абунила гьесс. - ХIалтIи лIугIун ххадуб кванараб ххинкI хIаливаялдасса гьуинаб букIуна, дир вас, хIал бихьея цо, – ян абунила эбелалълъ. - БитIараб букIун буго, эбел. ХIаливаялдасса гьуинаб ххинкIги буго, рахьалдасса тIагIамаб ридиги буго, – ян абунила васасс, гъираялда ццебе лъураб квенги кваналаго. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIабан кици рехханила эбелалълъ. 107. ХIалтIухъанассдасса хIалтIи хIинкъулеб, бахIарчияссдасса гула хIинкъулеб. 108. ХIалтIухъанассе мухь гьессда бараб гIетI бакъвалалде кьейила. 109. ХIалтIуцца хIалтIи малълъулеб, боцIцIуцца мацIцI малълъулеб. 110. ХIалхьи гьечIеб чIчIеялдасса чIчIей гьечIеб рилълъинго лълъикI. 111. ХIалценги, цIаги, рокьиги раххчун бажаруларелила. 112. ХIама бегьичIони, хIамихъ босараб бегьулеб. 113. ХIама бергьинегIан, чу биччалареб. 114. ХIама биларассулила къоги билулеб. 115. ХIама бугони, гъалдибер камиларо. 116. ХIама букIана – кьили щвечIо, кьили букIана – хIама щвечIо. 117. ХIама гIундуздассан лъалебила, гIабдал каламалдассан лъалевила. 118. ХIама кьололаго, кьолокьги чIвалеб, кьили бахъулаго, ххадубги чIвалеб. 119. ХIама кьололессеги хIал кьейила. 120. ХIама тункизабурассда гIорцIен тункизабулеб. 121. ХIама хвани, варис гьойила. 122. ХIама хвани, тIом ххутIула, на хвани, щибго ххутIуларо. 123. ХIама хвани, хур хола. 124. ХIама хвей – чодуе балагь. 125. ХIама – хIамихъего, чу – чохъего. 126. ХIама чIвай бацIил гIайиб батани, бацIал ругеб бакIалде ин хIамилги гIайиб буго. 127. ХIамабагьадур камураб росу букIунареб, хIажигIиса камураб бертин букIунареб. 128. ХIамабагьадурассул гIумру къокъаб. 129. ХIамабагьадурлъиги гьабуге, гьечIеб бахIарчилъи бихьизабизеги лIугьунге. 130. ХIамабахIарчилъи гьабизе ццевеги кIанцIуге, лIутизе нахъаги чIчIоге. 131. ХIамаги бацIадиссессул, бацIги бацIадиссессул. 132. ХIамаги дирго, гьирги дирго. 133. ХIамаги къваригIун, къадруги бокьун. 134. ХIамаги хIамайила, хIамида рекIаравги хIамайила. 135. ХIамагIанаб бацI букIунареб, бицанщинаб рагIи батулареб. 136. ХIамалъун гьагIулареб, гьойлъун хIапулареб. 137. ХIамида асскIобе гIари гуребила бачIунеб, гIорода асскIобе хIамайила. 138. ХIамида жибго хIама букIин, гIин цIцIараб меххалълъ гурони, лъачIебила. 139. ХIамида къвал бан, хIама балагьарав, чода рекIун, чу балагьарав. 140. ХIамида кьабизе щвечIони, гъалдибералдагIаги кьабейила. 141. ХIамида кьили рекъолареб, чода гъалдибер рекъолареб. 142. ХIамида кIерт берцинаб (Бищун берцинаб жоялда байилан хIамихъе цIцIумур кьурабила, гьелълъги жиндирго кIартида барабила). 143. ХIамида оххцер кваназе щибила лъалеб. 144. ХIамида рагIизе гъалдибералда кьабулеб. 145. ХIамида хIеренлъи лъалареб, лълъадуе рецц рекъолареб. 146. ХIамидаги мачу ретIарал, бачидаги чарухъал ретIарал. 147. ХIамидассанила бачида мал базе лъараб. 148. ХIамие жиндирго гьагIи берцинаб, хIелкие жиндирго гIегIеди берцинаб. 149. ХIамие тIил гьечIого гIолареб, тIоххое риди гьечIого гIолареб (ХIамие – тIил, тIоххое – риди). 150. ХIамие – хIенссеркIо, чодуе – цIцIал. 151. ХIамие – чури, чоде – кIалцIи. 152. ХIамикълъи бихьарассила хIамил къимат гьабулеб. 153. ХIамил гьагIдеялълъ гьойдул бетIер унтарабила. 154. ХIамил гIайиб – хIалакълъи, гIарцул гIайиб – гьечIолъи. 155. ХIамил гIундул ххалалъаралила, алжаналълъубе билълъунарого, цIцIан рачIчI къокълъарабила, къватIибе билълъунарого, тIун. 156. ХIамил инссухъачи гьвейила. 157. ХIамил мугъалда носол балги цун. 158. ХIамил рачIчIалда кигIан букIунебилан гьикъани, цоясс абила натI букIунилан, цогиясс абила натIгун бащадаб букIунилан. 159. ХIамил рачIчIалълъги чаргъеду ккурабила. 160. ХIамил сапаралълъ чи бечелъиларо. 161. ХIамил хвел – гьвел кIалбиччанкъо. 162. ХIамилги къажарассулги херлъи-бахIарлъи лъаларебила. 163. ХIамитIасса вортулев чотIа рекIунарев. 164. ХIамитIенкел тIад чIваниги, берцинай йиго берцинай. 165. ХIамихъего хьвагIулагойила бачил бохх бекараб. 166. ХIамицца абурабила, лъалареб бакIалдеги бачун, жиб чуйилан бичейилан. 167. ХIамицца ганчIилI речIчIулел, чоцца хIурулI речIчIулел. 168. ХIамицца гIундул кIорокIун, бацI хIинкъиларо. 169. ХIамицца жиндаго кьабизе тIил, къалиги бан, босарабила; гIабдалассда кьабизе тIил, къолода ххадуб ссахIги бан, босизе кколебила. 170. ХIамицца реххарав гIорцIада бегьуларев, гIорцIада чухьарлъарав чода ярагьунарев. 171. ХIан гIадин хIанчIиледухъ тамахгоги вукIунгейила, чIваркьан векиледухъ къвакIунги вукIунгейила. 172. ХIанчIарассда гурони, ххинкIил тIагIам лъалареб. 173. ХIанчIида ракIалда мочохурила. 174. ХIанчIидаги кIолебила жинда рекъараб лълъикIлъи гьабизе. Цо чияссул рукъзабахъ цIа ккун букIанила. Цояз гIертIаз, цояз хьагаз лълъимги баччун, цIа ссвинабизе лIугьанила гIадамал. ЦIа тIадеялдасса тIаде гьалаглъулеб букIанила. Кумекалълъе дагьалги гIадамал ругеланищан ккараб хIал букIанила. ГIадамазда чIчIечIого цIадуда тIаде боржун бачIунеб, нахъе унеб цо гьитIинаб хIинчIчI бихьанила. Цояз абунила гьаниб гьелълъул бусен батилилан, цогияз абунила тIинчI батилилан. Рукъалълъул бетIергьанассда бихьанила хIинчIчIалълъ, риччарал куркьбалги тварххезарун, цIадутIе лълъел къатIраби тIинкIизарулел. ГIажаиблъарав гьесс хIинчIчIалде ахIанила - - Я, пакъир! Гьалгощинал гIадамазда ссвинабизе кIоларого бугеб цIа дур куркьбаздассан тIинкIарал къатIрабазищ ссвинабилеб? - БитIараб буго, – ян абунила хIинчIчIалълъ. – Дир куркьбаздассан тIинкIараб лълъецца гьеб ссвинаро. Дие бокьун буго гIадамаз дуе гьабулеб кIудияб лълъикIлъиялда гьоркьоб цо гьитIинабниги бутIа дирги букIине! Гьединги абун, хIинчIчI нахъеги куркьбал риччизаризе анила. 175. ХIанчIчIие бусенги – ватIан, къоркъое хIорги – ватIан. 176. ХIанчIчIил багьа – чIарил хъат. 177. ХIанчIчIил кIалдисса мугьги бахъуге, чияда бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге. 178. Гьорол хIал хIанчIчIида лъалеб, лълъадал хIал ччугIида лъалеб. 179. ХIанчIчIилаб – хIанчIие, гъадилаб – гъадие. 180. ХIанчIчIицца абурабила - лълъикIав бахIарчиясс жинда гьецIцIоги речIчIиларила, къадарасс реххараб щвезе жибги чIчIеларила. 181. ХIанчIчIиццаги чIчIезе гIаркьел берцинаб бищулебила. 182. ХIапдолареб гьойдуе чури тIолареб. 183. ХIарам гьабурассе хIучч битIуларо. 184. ХIарам, хIалал кIоченчIого хIалтIулев Аллагьассеги вокьулев. 185. ХIарамаб боцIцIи кванан, кьаралъиялдаса, хIалалаб боцIцIи кванан, хIалакълъиго лълъикI. 186. ХIарамаб боцIцIуда баркат лъолареб. 187. ХIарччида нахъа чехь цIуне, чияр рокъоб бер цIуне. 188. ХIарччил кинаб рахъалдассан кваниги – цохIого мочол ххинкIал. 189. ХIарччиниб ххинкIги цо букIунаребила. 190. ХIарччиниссаги бортун, туртидассанги хъущтIун. 191. ХIарччихъ валагьун, кванай, копохъ валагьун, велъе. 192. ХIарщуда хIетIе хъвазе теларилан лIугьарав магIаруласс хIарщулI дегIен чIчIарабила. 193. ХIарщулI тIилал кьабуни, тIираби дудегоги щолел. 194. ХIарщулIе ккун чоргарав чурун вацIцIалъула, чагъир гьекъон чоргарав чурун вацIцIалъуларо. 195. ХIарщулIе реххунилан месед чуруклъулареб. 196. ХIарщулI цIцIалги кьабуге, цIцIалкIинибе лълъимги тIоге. 197. ХIасанил чу бачиде ккарабила. 198. ХIатIал ракулI ругессул кверал гьацIцIул цIолелила. 199. ХIатIида тункун ворчIиялдасса нуцIцIида тункун ворчIи лълъикIаб. 200. ХIатIиде бахине тани, нацIцI бетIералдеги бахунебила. 201. ХIатIикь щиб бугебали малъ гIодоб чIвалалде валагье. 202. ХIебтил бугониги, дирго кунта дарайдул. 203. ХIежалде анщинавги хIажи вукIунаревила, цIцIаланщинавги дибир вахъунаревила. 204. ХIежалде унилан, хIама хIажилъиларо. 205. ХIелеко гIегIедунилан сордо рогьинаро, гIегIедичIогойилан сордо рогьинчIогоги букIинаро. 206. ХIелеко лIугьунеб тIинчI ханинибго чIчIикIдулеб. 207. ХIелкида кколебила, жиб тIассан унелълъул, тIох тIечIого киндай ххутIулебилан. 208. ХIелкил гьудул гьечIевила, гьорол тушман гьечIевила. 209. ХIелкил гIадаб гIамал, гIебу гIадаб ракI. 210. ХIеренаб мацIцI чармил ххвалчадассаги бергьунебила. 211. ХIетIе кодобе босилалде, чIчIезе бакI хIадур гьабе. 212. ХIетIе хъущтIун вортарав тирщун тIаде вахъуна, мацIцI хъущтIун вортарассда вахъине хIал кIоларо. 213. ХIехьоларессе боцIцIи кьогеги, Аллагь! 214. ХIилаялълъ балагьуге, хIалтIун балагье. 215. ХIилаялълъ бергьинги гьунар буго. 216. ХIинкъараб гьой гIемер хIапдолебила. 217. ХIинкъараб лочнохъе чан щолареб, хIинкъараб боцца хъала бахъулареб. 218. ХIинкъарав гьойдаги ватIа гьавизе лъалевила. 219. ХIинкъарав къойил хола, къвакIарав цоцIцIул хола. 220. ХIинкъарав, къурав чиясс гIамал гIемер гьабула. 221. ХIинкъарав чияссда рохьги бойилан кколебила, гъотIол гIаркьелги жинде битIизабураб туманкIилан кколебила. 222. ХIинкъаравги гьардохъанги – гьвел мурад. 223. ХIинкъарассда мал балев, къвакIарассда къвал балев. 224. ХIинкъарассе хIалхьи гьечIеб. 225. ХIинкъарассул квер ххеххаб, виххарассул хIетI ххеххаб. 226. ХIинкъарассулгун гьудуллъи гьабуге. 227. ХIинкъарассухъа билараб багьадурассда батулеб. 228. ХIинкъи гьечIеб жо кетойила, кутак бугеб жо цIцIунцIцIрайила. 229. ХIинкъи гIанкIкIие те, хIамабагьадурлъи гIабдалассе те. 230. ХIинкъи – цIцIодорлъи, цIакълъи – гьаглъи. 231. ХIинкъизе бакI гьечIо чабхъад арав васассда, анцIила щуго сон бараб чуги буго, къого сон барав живгоги вуго. 232. ХIинкъиялдалъун чи къадаралдасса ворчIуларо. 233. ХIинкъуге, хIинкъараб жо толебани, катицца гIункIкI телаан. 234. ХIинкъуларев чи вукIунарев, биунареб чаран букIунареб. 235. ХIинкъуларев чи вукIунарев, хIехьезе кколеб. 236. ХIинкъун вукIин лълъикIав чияссги хIал дагьлъун букIин лълъикIаб чоццаги лъазе толареб. 237. ХIинкъун квараб гьанадасса хIинкъичIого квараб гьуэр лълъикIаб. 238. ХIинкъун къадаралдасса рорчIуларел, Аллагьасс гурони рухI бахъулареб. 239. ХIинццаб хIамаялда тIил рагIуларо, тIогьисса рачIчIги ккун, гьод буханиги. ТIадагьаб бетIералълъ малълъ босуларо, 240. тIолго гIалам бачIун, ццебе чIчIаниги. 241. ХIинчIчI бихьунила рорженги букIунеб. 242. ХIисаб бугин, бухIун кье. – ХIичи щиб? – ЧIчIикIу. –ЧIчIикIу щиб? – ХІичи. 243. ХIобода дарай ккуни, гьебги берцин бихьулеб. 244. ХIобое чIван, гIочIоцца чIалу кквеларо, чIалуе лъун, тIилицца тIох баччиларо. 245. ХIобоцца рукъ баччула, тIаде ккарасс къо хIехьола. 246. ХIор букIаралълъуб хIари камулареб. 247. ХIотоцца гьорчо кколареб. 248. ХIотол сум букIагIаги, мутIигIлъе бетIерассде. 249. ХIуби тиризабурассда цили тиризабулеб. 250. ХIуби чIвачIонани, чIалу бекула. 251. ХIуби чIвачIони, чIалу кколареб, чIчIужу гьечIони, рукъ кколареб. 252. ХIужа гьечIеб дагIбагун диваналде вахъунге. 253. ХIули – тIавусил, тIул-ракI – борхьил. 254. ХIунссизе хIамидаги кколеб. 255. ХIунчулеб заз баккудассаго лъалеб, лIугьунев чи гьитIинго лъалев. 256. ХIур тамахалъубила хIама гебергулеб. 257. ХIурмат бокьун батани, гIемер гаргадуге, сахлъи бокьун батани, гIемер кванаге.
- r | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ГI f 1. ГIаба ретIарассе дунги инчIила, чухъа ретIарав диеги щвечIила (чухъа ретIарасс дунги ячинчIила). faba reTaraSe dungi inzila, xu]a reTaraw diyegi &wezila (xu]a reTaraS dungi yaxinzila). 2. ГIабдал берталълъе ахIани, жив анивго чIчIелилан лIугьуневила. fabdal berta:e a\ani, $iw aniwgo Zelilan /uhunewila. 3. ГIабдал бищун ццеве гIиссинлъималаздайила лъалев. fabdal bi&un Cewe fiSin;imala#dayila ;alew. 4. ГIабдал вукIаниги, цIцIодор вукIаниги, аххир цойила. fabdal wujanigi, ~odor wujanigi, a{ir coyila. 5. ГIабдал гьечIони, цIцIогьорассе боцIцIи кисса? fabdal hezoni, ~odoraSe bo~i kiSa? 6. ГIабдал гIодиларо, цIцIодор велъиларо. fabdal fodilaro, ~odor we;ilaro. 7. ГIабдал кьурдуларевила, кьурдани, чIчIоларевила (чIчIезе лъаларебила). fabdal purdularewila, purdani, Zolarewila (Ze#e ;alarebil). 8. ГIабдал кIалъалелълъул, цIцIодор вуцIцIун чIчIолев. fabdal ja;ale:ul, ~odor wu~un Zolew. 9. ГIабдал лумо гьавизе росу бахъараб меххалълъ, гьесс гьикъарабила - «Чан мали бугонидай зодоре гIунтIила?». fabdal lumo hawi#e rosu ba]arab me{a:, heS hiqarabila - «xan mali bugoniday #odore funTila?». 10. ГIабдал рокъове виччаялдасса гIакъил лъорове виччай лълъикIаб. fabdal roqowe wiXayaldaSa faqil ;orowe wiXay :ijab. 11. ГIабдал хIалтIизеги вачунге, гIабдалассда цадахъги хIалтIуге. fabdal \alTi#egi waxunge, fabdalaSda cada]gi \alTuge. 12. ГIабдаласс боцIцIи балагьула, цIцIодорасс гIакълу балагьула. fabdalaS bo~i balahula, ~odoraS faqlu balahula. 13. ГIабдаласс вецциялдасса цIцIодорасс какиго лълъикIила. fabdalaS weCiyaldaSa ~odoraS kakigo :ijila. 14. ГIабдаласс гурони гIабдалассе гIакълу кьоларебила. fabdalaS guroni fabdalaSe faqlu polarebila. 15. ГIабдаласс гурони гIунгутIаби ралагьуларел. fabdalaS guroni funguTabi ralahularel. 16. ГIабдаласс гьедун бицунебила, гIакъиласс кици тIамун бицунебила. fabdalaS hedun bicunebila, faqilaS kici Tamun bicunebila. 17. ГIабдаласс гIодобе бала, цIцIодорасс бищула. (ГIабдаласс гIодобе бараб цIцIодорасс бищула). fabdalaS fodobe bala, ~odoraS bi&ula. (fabdalaS fodobe barab ~odoraS bi&ula). 18. ГIабдаласс квараб жоялълъул бицунеб, цIцIодорасс лъараб жоялълъул бицунеб. fabdalaS kwarab $oya:ul bicuneb, ~odoraS ;arab $oya:ul bicuneb. 19. ГIабдаласс малълъулелдеги гIин тIаме, битIараб батичIони гьабичIого те. fabdalaS ma:uleldegi fin Tame, biTarab batizoni habizogo te. 20. ГIабдаласс нилIее лъабго гIакълу кьуни, цоябниги битIараб батизе бегьулеб. fabdalaS ni/eye ;abgo faqlu puni, coyabnigi biTarab bati#e behuleb. 21. ГIабдалассда бицараб жо – базаралда ахIараб гIакIа. fabdalaSda bicarab $o - ba#aralda a\arab faja. 22. ГIабдалассда гуребила гIайиб букIунеб, гIабдал валъаргъарассдайила. fabdalaSda gurebila fayib bujuneb, fabdal wa;arvaraSdayila. 23. ГIабдалассда гIайиб чIчIоларебила. fabdalaSda fayib Zolarebila. 24. ГIабдалассда данде мунги гIабдаллъун чIчIайила. fabdalaSda dande mungi fabdal;un Zayila. 25. ГIабдалассда кигIан малълъараниги, гьесс жиндирабго гурони гьабулареб. fabdalaSda kifan ma:aranigi, heS $indirabgo guroni habulareb. 26. ГIабдалассда малълъараб жо – гIодобе бортараб чIор. fabdalaSda ma:arab $o - fodobe bortarab zor. 27. ГIабдалассда малълъарани мунго рихунев. fabdalaSda ma:arani mungo ri[unew. 28. ГIабдалассда нич гьечIеб, цIцIогьорассда яхI гьечIеб. fabdalaSda nix hezeb, ~ohoraSda ya\ hezeb. 29. ГIабдалассе бертин къойил букIунеб. fabdalaSe bertin qoyil bujuneb. 30. ГIабдалассе гIабдал вокьулев, гIакъилассе гIакъил вокьулев. fabdalaSe fabdal wopulew, faqilaSe faqil wopulew. 31. ГIабдалассе гIакъил вокьуларев, меххтарассе вигьарав вокьуларев. fabdalaSe faqil wopularew, me{taraSe wiharaw wopularew. 32. ГIабдалассе дару – данде кIалъачIого тей. fabdalaSe daru - dande ja;azogo tey. 33. ГIабдалассе гIадлу гьечIеб. fabdalaSe fadlu hezeb. 34. ГIабдалассул гIеч гIадин гьоркьов инеги чIчIоге. fabdalaSul fex fadin horpow inegi Zoge. 35. ГIабдалассул – зар, гIакъилассул – хIал. fabdalaSul - #ar, faqilaSul - \al. 36. ГIабдалассул кочIохъ гIенеккиялдасса цIцIодорассул семиялълъухъ гIенеккиго лълъикIила. fabdalaSul kozo] feneKiyaldaSa ~odoraSul semiya:u] feneKizogo :ijila. 37. ГIабдалассул кумекалдасса кумекчи гьечIого лълъикI. fabdalaSul kumekaldaSa kumekxi hezogo :ij. 38. ГIабдалассул кIалалда гIакIа гьечIеб. fabdalaSul jalalda faja hezeb. 39. ГIабдалассул – мацIцIалда, цIцIодорассул – рекIеда. fabdalaSul - ma~alda, ~odoraSul - rejeda. 40. ГIабдалассул мацIцIалълъги хIикматаб жо бицуна, щиб гьессул рагIийилан, гIин тIамичIого тоге. fabdalaSul ma~a:gi \ikmatab $o bicuna, &ib heSul rafiyilan, fin Tamizogo toge. 41. ГIабдалассул ракI – мацIцIалдайила, цIцIодорассул мацIцI – ракIалдайила. fabdalaSul raj - ma~aldayila, ~odoraSul ma~ - rajaldayila. 42. ГIабдалассул рекIелгъей умумузул асс-къоялде букIуна, гIакъилассул рекIелгъей лълъикIабщиналде букIуна. fabdalaSul rejelvey umumu#ul aS-qoyalde bujuna, faqilaSul rejelvey :ijab&inalde bujuna. 43. ГIабдалассулги гIакъилассулги аххир цойила (ГIабдал вегулебги – хоб, гIакъил вукъулебги – хоб). fabdalaSulgi faqilaSulgi a{ir coyila (fabdal wegulebgi - [ob, faqil wuqulebgi - [ob). 44. ГIабдалгун кваназегIан, цIцIодоргун вакъиго лълъикI. fabdalgun kwana#efan, ~odorgun waqigo :ij. 45. ГIабдалгун къаццандулев гьессдассаги гIантавила. fabdalgun qaCandulew heSdaSagi gantawila. 46. ГIабдалассулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун маххссараги гьабуге. fabdalaSulgun hudul;i habuge, hoydulgun ma{Saragi habuge. 47. ГIабдалги ахIмакъги рекъон чIчIоларо. fabdalgi a\maqgi reqon Zolaro. 48. ГIабдалги гуккуге, гIабдаласс гуккизеги чIчIоге. fabdalgi guKuge, fabdalaS guKi#egi Zoge. 49. ГIабдалги гIакъилги киназдаго лъала. fabdalgi faqilgi kina#dago ;ala. 50. ГIабдалгун къаццандуге, мунго къунгутIизе. fabdalgun qaCanduge, mungo qunguTi#e. 51. ГIабул чехъечIого, хоноги кунаро. fabul xe[ezogo, [onogi kunaro. 52. ГIагарав чияссул гьан кваниги, ракьа гIодобе реххизе бегьулареб. fagaraw xiyaSul han kwanigi, rapa fodobe re{i#e behulareb. 53. ГIагарлъи лъала къо ккедал, гьудул лъала къваригIел ккедал. fagar;i ;ala qo Kedal, hudul ;ala qwarifel Kedal. 54. ГIагарлъи лъаларессе алжан гьечIебила. fagar;i ;alareSe al$an hezebila. 55. ГIагарлъи цIуне чIаго рукIаго, хвараб меххалълъ «гIагарал чагIи» чанги ратулел. fagar;i `une zago rujago, [warab me{a: «fagaral xafi» xangi ratulel. 56. ГIагарлъиялълъул гьуинлъи гьоркьобакI цIцIикIкIанагIан цIцIикIкIунебила. fagar;iya:ul huin;i horpobaj ~iJanafan ~iJunebila. 57. ГIада-гIадамазе чваххун цIцIад байдал, дие горо бараб дуниял! fada-fadama#e xwa{un ~ad baydal, diye goro barab duniyal! 58. ГIадада бицараб рагIи – гIадада реххараб чIор. fadada bicarab rafi - fadada re{arab zor. 59. ГIадалаб бетIералълъ хIатIазе гIазаб кьолебила. fadalab beTera: \aTa#e fa#ab polebila. 60. ГIадалаб гъурщидасса цIцIодораб нус лълъикIаб. fadalab vur&idaSa ~odorab nus :ijab. 61. ГIадалаб заманалда гIакъилзабигицин гIадаллъулелила. fadalab #amanalda faqil#abigicin fadal;ulelila. 62. ГIадалав вехь хвани боцIцIуе рахIат, гIадалав ххан хвани ххалкъалълъе рахIат. fadalaw we% [wani bo~uye ra\at, fadalaw {an [wani {alqa:e ra\at. 63. ГIадалав гьудулассдасса гIакъилав тушманго лълъикIила. fadalaw hudulaSdaSa faqilaw tu^mango :ijila. Циги чиги цоцазе цIакъ рокьулел рукIун руго. Цицца чи ссундассаго цIунулев вукIун вуго. Гьессда асскIобе чIагояб жо къазе биччалеб букIун гьечIо. Цо нухалда чи кьижун вукIун вуго, ци жиндирго гIадаталда рекъон хъаравуллъуда букIун буго. ТIутI рещтIун буго чияссул надалда. Ццин бахъараб цицца тIотIода кьабураб квачIалълъ тIутIги хун буго, чиги хун вуго. cigi xigi coca#e `aq ropulel rujun rugo. ciCa xi SundaSago `unulew wujun wugo. heSda aSjobe zagoyab $o qa#e biXaleb bujun hezo. co nu[alda xi pi$un wujun wugo, ci $indirgo fadatalda reqon ]arawul;uda bujun bugo. TuT re&Tun bugo xiyaSul nadalda. Cin ba]arab ciCa ToToda paburab kwaza: TuTgi [un bugo, xigi [un wugo. 64. ГIадалав гIагарав чияссдасса цIцIодорав мадугьал анцIцIцIул лълъикIав. fadalaw fagaraw xiyaSdaSa ~odoraw maduhal an`~ul :ijaw. 65. ГIадалав ххан – къвачIинибе бараб цIулакьо. fadalaw {an - qwazinibe barab `ulapo. 66. ГIадалав чи ЯхIия гудрадаго гIанкIкI тарав. fadalaw xi ya\ya gudradago fanJ taraw. 67. ГIадалай бикаялдасса гIакъилай гъарабашго лълъикI. fadalay bikayaldaSa faqilay varaba^go :ij. 68. ГIадалнахги ххунчIрулги цоцалълъ журараб меххалълъ гIолохъанчи вукIунарев (кколарев). fadalna[gi {unzrulgi coca: $urarab me{a: folo]anxi wujunarew (Kolarew). 69. ГIадамаз гьагу бачани дуццаги гьагу баче, гIадамаз цIцIекIу бачани, дуццаги цIцIекIу баче. fadama# hagu baxani duCagi hagu baxe, fadama# ~eju baxani duCagi ~eju baxe. 70. ГIадамаз квешав чи вугилан абиялдасса кватIичIого хабалIе инго лълъикI. fadama# kwe^aw xi wugilan abiyaldaSa kwaTizogo [aba/e ingo :ij. 71. ГIадамаз къимат гьабулареб кIиго жойила дунялалда бугеб - сахлъиги эркенаб заманги. fadama# qimat habulareb jigo $oyila dunyalalda bugeb - sa[;igi erkenab #amangi. 72. ГIадамаз малълъухъе гьабуге, гьез гьабухъе гьабе. fadama# ma:u]e habuge, he# habu]e habe. 73. ГIадамаз ракь кваназабула – ракьалълъ гIадамал кваназарула. fadama# rap kwana#abula - rapa: fadamal kwana#arula. 74. ГIадамазда гъорлI вукIине лъайги кIудияб гIелму буго. fadama#da vor/ wujine ;aygi judiyab felmu bugo. 75. ГIадамазда гьоркьов - лълъикIав чи, живго ххутIидал – ххиянатчи. fadama#da horpow - :ijaw xi, $iwgo {uTidal - {iyanatxi. 76. ГIадамазда гьоркьой хханассул бика гIадай, балъда нахъа хъартил тIинчI гIадай. fadama#da horpoy {anaSul bika faday, ba;da na]a ]artil Tinz faday. 77. ГIадамазда чIалгIарав, Аллагьассда рихарав (ГIиссиназда чIалгIарав, чIахIиязда рихарав). fadama#da zalfaraw, allahaSda ri[araw (fiSina#da zalfaraw, za\iya#da ri[araw). 78. ГIадамаздасса ццевеги кIанцIуге, нахъаги ххутIуге. fadama#daSa Cewegi jan`uge, na]agi {uTuge. 79. ГIадамазе вокьарав Аллагьассеги вокьулев. fadama#e woparaw allahaSegi wopulew. 80. ГIадамазе баркала кьоларесс Аллагьассеги кьоларо. fadama#e barkala polareS allahaSegi polaro. 81. ГIадамазе – гьан, гьабзазе – рукьби, мискинассе – ратIа, бечедассе – бохх. fadama#e - han, hab#a#e - rupbi, miskinaSe - raTa, bexedaSe - bo{. 82. ГIадамазе гьойлъарав, гьабзазе ракьалъарав. fadama#e hoy;araw, hab#a#e rapa;araw. 83. ГIадамазе рикъзи кьеги, Аллагь, дие чорххое сахлъи кьеги. fadama#e riq#i pegi, allah, diye xor{oye sa[;i pegi. 84. ГIадамазул абундачаз азбаралълъул гъапу къани, къватIир ххутIулелила. fadama#ul abundaxa# a#bara:ul va_u qani, qwaTir {uTulelila. 85. ГIадамазул гIабдал – чанахъан, чуязул гIабдал – юргъачу. fadama#ul fabdal - xana]an, xuya#ul fabdal - yurvaxu. 86. ГIадамазул кIал бухьине кIолареб. fadama#ul jal bu%ine jolareb. 87. ГIадамазул хIурмат гьабунгутIи дурго хIурмат гьабунгутIи ккола. fadama#ul \urmat habunguTi durgo \urmat habunguTi Kola. 88. ГIадамазухъего иш гьабизе лIугьунге. fadama#u]ego i^ habi#e /uhunge. 89. ГIадамал ахIуд унелълъул - чехь унтарав, бахIарзал кьалде щолелълъул - мугъ унтарав. fadamal a\ud une:ul - xe% untaraw, ba\ar#al palde &ole:ul - muv untaraw. 90. ГIадамал бакъвараб бакIалдассан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа, хIарщулIан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа. fadamal baqwarab bajaldaSan ri:ani, mungi heniSan wi:a, \ar&u/an ri:ani, mungi heniSan wi:a. 91. ГIадамал берталълъ кьурдулел, цIцIогьор нуцIцIида кIулал ран ратидал кьурдулев. fadamal berta: purdulel, ~ohor nu~ida julal ran ratidal purdulew. 92. ГIадамал гурхIизеян гIодарай, давла щвезеян щокълъарай. fadamal gur\i#eyan fodaray, dawla &we#eyan &oq;aray. 93. ГIадамал гIемералълъуб чехь къай, чи гIемералълъуб бер къай. fadamal femera:ub xe% qay, xi femera:ub ber qay. 94. ГIадамал какуге, мунго веццуге. fadamal kakuge, mungo weCuge. 95. ГIадамал киналго лълъикIал рукIинаан, «кIиго рагIи» лълъиццаниги бицунаребани. fadamal kinalgo :ijal rujinaan, «jigo rafi» :iCanigi bicunarebani. 96. ГIадамал къулухъе къула, гIадамал рорххухъе ворхха. fadamal qulu]e qula, fadamal ror{u]e wor{a. 97. ГIадамал кьурдахъе кьурдизеги лъаларев, кьурдичIого чIчIезеги лъаларев. fadamal purda]e purdi#egi ;alarew, purdizogo Ze#egi ;alarew. 98. ГIадамал лъанагIан гьаби рокьулел рукIун руго. fadamal ;anafan habi ropulel rujun rugo. 99. ГIадамал ритIизаризе лIугьарав тIекъав чи – рагIад битIулареб тIил. fadamal riTi#ari#e /uharaw Teqaw xi - rafad biTulareb Til. 100. ГIадамал рихьизе – берал, нилIго рихьизе – матIу. fadamal ri%i#e - beral, ni/go ri%i#e - maTu. 101. ГIадамал хваралълъув хва, гIадамал рахъаралълъув вахъа. fadamal [wara:uw [wa, fadamal ra]ara:uw wa]a. 102. ГIадамал хваралълъув хвезеги вас вукIин талихI. fadamal [wara:uw [we#egi was wujin tali\. 103. ГIадамал хола, бахIарчи даим чIаго вукIуна. fadamal [ola, ba\arxi daim zago wujuna. 104. ГIадамалгун кьал ахIи ахIмакъассул иш буго. fadamalgun pal a\i a\maqaSul i^ bugo. 105. ГIадамалълъ вукIине лъаларессе дуниялги къваридаб, бетIербахъиги мукъссанаб. fadama: wujine ;alareSe duniyalgi qwaridab, beTerba]igi muqSanab. 106. ГIадамалI хва, гIадамалI вахъа (болI хва, болI вахъа). fadama/ [wa, fadama/ wa]a (bo/ [wa, bo/ wa]a). 107. ГIадамассдасса – боцIцIи, боцIцIудасса – цIарагI. fadamaSdaSa - bo~i, bo~udaSa - `araf. Кици буго гьадинаб божиялда тIад гIуцIцIараб, тIаде рачIунел балагьаздасса бетIергьаби цIунизе холебила хIайван. Гьединалго балагьаздасса хIайванал цIунизе бекулебила цIарагI. kici bugo hadinab bo$iyalda Tad fu~arab, Tade razunel balaha#daSa beTerhabi `ini#e [olebila \aywan. hedinalgo balaha#daSa \aywanal `uni#e bekulebila `araf. 108. ГIадамассе гIаданлъун вукIа, гьойда данде бацIлъун вукIа. fadamaSe fadan;un wuja, hoyda dande ba`;un wuja. 109. ГIадамассе къимат хIалтIи бихьун кье, хIайваналълъе къимат пайда бихьун кье. fadamaSe qimat \alTi bi%un pe, \aywana:e qimat _ayda bi%un pe. 110. ГIадамассе рецц – черххалда бахине нах. fadamaSe reC - xer{alda ba[ine na[. 111. ГIадамассул бищун кIудияб гIадаллъи – гIадамал жиндасса гIадалал ругилан ккей. fadamaSul bi&un judiyab fadal;i - fadamal $indaSa fadalal rugilan Key. 112. ГIадамассул квешлъи – гIамал кIодолъи, гIакдал квешлъи – рахь биччангутIи. fadamaSul kwe^;i - famal jodo;i, fakdal kwe^;i - ra% biXanguTi. 113. ГIадамассул ракI дуниял рагIалда, гIажалалълъул мугьру мугъалда нахъа. fadamaSul raj duniyal rafalda, fa$ala:ul muhru muvalda na]a. 114. ГIадамассул хIал кунеб, хIайваналълъул гьан кунеб. fadamaSul \al kuneb, \aywana:ul han kuneb. Кици буго къокъаб, тIассан пасихIаб букIиналда цадахъ жаниссан магIнаги гъваридаб. Абулеб буго, хIайван хьихьиялдассан асслияб мурад гьанги нахги бугеб гIадин, гIадан тIасса вищизе ккани, асслияб жо – хIал лълъикIлъи, тIабигIат лълъикIав вукIин бугилан. kici bugo qoqab, TaSan _asi\ab bujinalda cada] $aniSan mafnagi vwaridab. abuleb bugo \aywan %i%iyaldaSan aSliyab murad hangi na[gi bugeb fadin, fadan TaSa wi&i#e Kani aSliyab $o - \al :ij;i, Tabifat :ijaw wujin bugilan. 115. ГIадамассул чорххое гIелму – гIатIгояб гъотIое регьел. fadamaSul xor{oye felmu - faTgoyab voToye rehel. 116. ГIадамассулIан гуребила канлъи бихьулеб, рагIулIанила. fadamaSu/an gurebila kan;i bi%uleb, rafu/anila. 117. ГIадан адабалълъила берцин гьавулев. fadan adaba:ila bercin hawulew. 118. ГIадан басра гьави мунгоги басра гьави ккола. fadan basra hawi mungogi basra hawi Kola. 119. ГIадан басра гьавурассда басрияб къо бихьула. fadan basra hawuraSda basriyab qo bi%ula. 120. ГIадан божулареб гIумруялдасса цIунаги. fadan bo$ulareb fumruyaldaSa `unagi. 121. ГIадан ватани гIадамалълъ вукIа, гурев ватани хIайваналълъ вукIа. fadan watani fadama: wuja, gurew watani \aywana: wuja. 122. ГIадан вижулевила, гIакълу бачIунебила. fadan wi$ulewila, faqlu bazunebila. 123. ГIадан вихьун чучуге, чи вихьун рагIи бицунге. fadan wi%un xuxuge, xi wi%un rafi bicunge. 124. ГIадан вукIуневила богIолI гьоло гIадавги гьалилI сусур гIадавги. fadan wujunewila bofo/ holo fadawgi hali/ susur fadawgi. 125. ГIадан гогь гьавулебги – боцIцIи, пашман гьавулебги – боцIцIи. fadan goh hawulebgi - bo~i, _a^man hawulebgi - bo~i. 126. ГIадан гурев чияссда жо малълъи – лълъеда бикIараб накъищ. fadan gurew xiyaSda $o ma:i - :eda bujarab naqi&. 127. ГIадан гIадамассде кколевила, мегIер мегIералде кколаребила. fadan fadamaSde Kolewila, mefer meferalde Kolarebila. 128. ГIадан гIадамассе – матIу. fadan fadamaSe - maTu. 129. ГIадан гIакълуялълъ берцин гьавула, ретIел букъиялълъ берцин гьабула. fadan faqluya: bercin hawula, reTel buqiya: bercin habula. 130. ГIадан – гIатIгояб жо. fadan - faTgoyab $o. 131. ГIадан гIодов ватуларев, вичун восизе щоларев. fadan fodow watularew, wixun wosi#e &olarew. 132. ГIадан гIорцIцIидал гIергIедулевила, хIайван бакъидал гIергIедулебила. fadan for~idal ferfedulewila, \aywan baqidal ferfedulebila. 133. ГIадан квегъе берцинаб рагIиялълъ, бугъа квегъе биццатаб тIилалълъ. fadan kweve bercinab rafiya:, buva kweve biCatab Tila:. 134. ГIадан кколеб жо – бугIа, гIадан чIвалеб жо – чIагIа. fadan Koleb $o - bufa, fadan zwaleb $o - zafa. 135. ГIадан кIиго нухалълъила загIипав вукIунев, вижулагоги холагоги. fadan jigo nu[a:ila #afi_aw wujunew, wi$ulagogi [olagogi. 136. ГIадан рагIуцца реххулев, хIайван чохьоцца реххулеб. fadan rafuCa re{ulew, \aywan xo%oCa re{uleb. 137. ГIадан ракьулIе уна, хIайван хьагинибе уна, лълъикIаб иш нахъе ххутIула. fadan rapu/e una, \aywan %aginibe una, :ijab i^ na]e {uTula. 138. ГIадан рекIинчIеб чуги, чи кIалъачIей ясги рукIунарел. fadan rejinzeb xugi, xi ja;azey yasgi rujunarel. 139. ГIадан рикIкIун – хIал, хIайван рикIкIун – лIар. fadan riJun - \al, \aywan riJun - /ar. 140. ГIадан ссипат-ссураталълъ гуревила берцин гьавулев, захIматалълъила. fadan Si_at-Surata: gurewila bercin hawulew, #a\mata:ila. 141. ГIадан хола, гIаданлъи нахъе ххутIула, хIама хола, тIом гурони ххутIуларо. fadan [ola, fadan;i na]e {uTula, \ama [ola, Tom guroni {uTularo. 142. ГIадан хIал бихьун вецце, хIайван гьан бихьун бецце. fadan \al bi%un weCe, \aywan han bi%un beCe. 143. ГIадан чIвалеб жо – чIухIи. fadan zwaleb $o - zu\i. 144. ГIадан щола ракIалълъ къотIараб бакIалде. fadan &ola raja: qoTarab bajalde. 145. ГIаданилан гIадамалълъ гурев, хIайванилан хIайваналълъ гурев. fadanilan fadama: gurew, \aywanilan \aywana: gurew. 146. ГIаданлъи гьабизе кватIун букIунареб. fadan;i habi#e kwaTun bujunareb. 147. ГIаданлъи гьечIеб черхх – чилъи гьечIеб ракI. fadan;i hezeb xer{ - xi;i hezeb raj. 148. ГIаданлъи гьечIелълъуб гьудуллъи чIчIолареб. fadan;i heze:ub hudul;i Zolareb. 149. ГIаданлъиялълъулги цIезе бегьулебила таргьа. fadan;iya:ulgi `e#e behulebila tarha. 150. Чачаналде гьирихъ ун рукIанила гIандал. xaxanalde hiri] un rujanila fandal. 151. ТIад руссун рачIунаго, цо росулI гьезда кверкьаби ратанила. Цадахъ рукIаразда цоясс абунила - «Гьаниб хвел ккун бихьула. РачIа нилIецца, гьагъазда зигараги бан, гIаданлъи гьабизин». Tad ruSun razunago, co rosu/ he#da kwerbaqi ratanila. cada] rujara#da coyaS abunila - «hanib [wel Kun bi%ula. raza ni/eCa hava#da #igaragi ban, fadan;i habi#in». 152. ГIаданлъиялълъул цIун буго! ГIаданлъиялълъул! – ан абунила гьесс гьалмагъзабазда… fadan;iya:ul `un bugo! fadan;iya:ul! - an abunila heS halmav#aba#da... 153. ГIадат бугила, бетIергьанчиясс бачунеб хIама гIадин, бачухъе билълъунеб жо (Гьабухъе букIунеб жойила гIадат). fadat bugila beTerhanxiyaS baxuneb \ama fadin baxu]e bi:uneb $o (habu]e bujuneb $oyila fadat). 154. ГIадлу – алжаналълъул кIул. fadlu - al$ana:ul jul. 155. ГIадлу – багIараб месед. fadlu - bafarab mesed. 156. ГIадлу гьечIеб рокъоб рекъел букIунареб. fadlu hezeb roqob reqel bujunareb. 157. ГIадлу гьечIеб росулI гIакIа гIемераб ахIула. fadlu hezeb rosu/ faka femerab a\ula. 158. ГIадлу гьечIев хIаким – рехъен бихьуларев вехь. fadlu hezew \akim - re]en bi%ularew we%. 159. ГIадлу гьечIев цIцIалдохъанассул цIцIар гIемер ахIизе ккола. fadlu hezew ~aldo]anaSul ~ar femer a\i#e Kola. 160. ГIадлу цIцIикIкIаралълъуб цIцIогь дагьаб. fadlu ~iJara:ub ~oh dahab. 161. ГIадлуялълъулI гIажал гьечIеб, вуххиялълъул ххайир гьечIеб. fadluya:u/ fa$al hezeb, wu{iya:ul {ayir hezeb. 162. ГIажал лъала ганчIида. fa$al ;ala ganzida. МагIарулазул гIадат буго, жал мурадалде щолищан бихьизе, «бичч-бакъ» реххулеб. Алмасил МухIумиццаги реххун буго «бичч-бакъ», чанцIцIул рехханиги, гьессул анищалда рекъон ккун гьечIо эххеде реххараб гамачI. Цинги Алмасиласс гамачI, гьадал рагIабиги абун, хьуризабун буго. mafarula#ul fadat bugo, $al muradalde &oli&an bi%i#e, «biX-baq» re{uleb. almasil mu\umiCagi re{un bugo «biX-baq», xan~ulni re{anigi, heSul ani&alda reqon Kun hezo e{ede re{arab gamaz. cingi almasilaS gamaz, hadal rafabi abun, %uri#abun bugo. 163. ГIажалалда гъураб меххалълъ гIункIкIал кутулгун расандулел. fa$alalda vurab me{a: funJal kutulgun rasandulel. 164. ГIажалалде гъейгун, болъон гохIде бахунебила. fa$alalde veygun bo;on go\de ba[unebila. 165. ГIажалан абурассда унтиян абулеб, унтиян абурассда толоян абулеб. fa$alan aburaSda untiyan abuleb, untiyan aburaSda toloyan abuleb. 166. ГIажамиясс къуръан гIадин гьабила, къулгьу! – ян абурабила гIарабалълъ бечIчIизе букIунареб гIакдада. fa$amiyaS qur'an fadin habila, qulhu! - yan aburabila faraba: beZi#e bujunareb fakdada. 167. ГIазаб чIамичIого, мурадалде щоларел. fa#ab zamizogo muradalde &olarel. 168. ГIаздатIаги лъалкI толарев. fa#daTagi ;alj tolarew. 169. ГIазукь букIаниги дерец тIегь ккола, тIалтIа бижаниги хъутур чIахI ккола. fa#up bujanigi derec Teh Kola, TalTa bi$anigi ]utur za\ Kola. 170. ГIазулI вачIунге, гьоролI вачIаян абулебила цIцIогьорасс гьалмагъассда. fa#up wazunge, horo/ wazayan abulebila ~ohoraS halmavaSda. 171. ГIазулIги хIур букIунеб. fa#u/gi \ur bujuneb. 172. ГIайиб бадибе гьаби бадибе рецц гьабиялдасса нусцIцIул лълъикIаб. fayib badibe habi badibe reC habiyaldaSa nus~ul :ijab. 173. ГIайиб буго вокьуларев чияссда букIунеб жо. fayib bugo wopularew xiyaSda bujuneb $o. 174. ГIайиб буго къурассда букIунеб жо. fayib bugo quraSda bujuneb $o. 175. ГIайиб гьечIев гьудул ватуларев, багьана гьечIей лълъади йикIунарей. fayib hezew hudul watularew, bahana hezey :adi yijunarey. 176. ГIайиб гьечIессе кьураб нагIана дудего буссунебила. fayib hezeSe purab nafana dudego buSunebila. 177. ГIайиб ГIумарида – хъапасал дида. fayib fumarida - ]a_asal dida. 178. ГIайиб камурав чи вукIунарев, цо рахъ камичIеб хIалтIи букIунареб. fayib kamuraw xi wujunarew, co ra] kamizeb \alTi bujunareb. 179. ГIайиб кколареб черххги букIунареб, гIазу балареб мегIерги букIунареб. fayib Kolareb xer{gi bujunareb, fa#u balareb mefergi bujunareb. 180. ГIайиб кколарев чи вукIунарев, гIамал гьечIеб черхх букIунареб. fayib Kolarew xi wujunarew, famal hezeb xer{ bujunareb. 181. ГIайиб кколарей чIчIужу ялагьулев, чIчIужу гьечIого ххутIулев. fayib Kolarey Zu$u yalahulew, Zu$u hezogo {uTulew. 182. ГIайиб кIалалда кколеб, зар бетIералда щолеб. fayib jalalda Koleb, #ar beTeralda &oleb. 183. ГIайиб – къватIиб, дун – рокъов. fayib - qwaTib, dun - roqow. 184. ГIайиб лълъилго кколебила, мунагь ккезе вукIунгейила. fayib :ilgo Kolebila, munah Ke#e wujungeyila. 185. ГIайибал рорцани меххелалда жаниб 200 россассда 200 чIчIужуялда кколебила. РорцинчIого тани, цониги кколаребила. fayibal rorcani me{elalda $anib 200 roSaSda 200 Zu$uyalda Kolebila. rorcinzogo tani, conigi Kolarebila. 186. ГIайибалда къвал барав, мунагьалда кьан барав. fayibalda qwal baraw, munahalda pan baraw. 187. ГIайибалдасса къадарабги гIила букIунебила. fayibaldaSa qadarabgi fila bujunebila. 188. ГIайибалдасса нечоларев, мунагьалдасса хIинкъуларев. fayibaldaSa nexolarew, munahaldaSa \inqularew. 189. ГIайибалълъ чехь бихъулареб носоцца гурони. fayiba: xe% bi]ulareb nosoCa guroni. 190. ГIайибав тамихIалълъукьа хIинкъулевила, гIайиб гьечIев къисматалълъукьа хIинкъулевила. fayibaw tami\a:upa \inqulewila, fayib hezew qismata:upa \inqulewila. 191. ГIака балагье рахь-нахалълъе лълъикIаб, чIчIужу ялагье гIамал-ххассият лълъикIай. faka balahe ra%-na[a:e :ijab, Zu$u yalahe famal-{aSiyat :ijay. 192. ГIака бечIчIизе лъаларелълъ азбар (лолон) гьетIараб бугилан абурабила. faka beZi#e ;alare: a#bar (lolon) heTarab bugilan aburabila. 193. ГIака бечIчIулелилан хIама бечIчIулел ратугеги. faka beZulelilan \ama beZulel ratugegi. 194. ГIака бичаравги, туххум таравги чи бечелъуларо. faka bixarawgi, tu{um tarawgi xi bexe;ularo. 195. ГIака биче бечIчIизе букIунареб, ригьин биххе дургун хIал рекъолареб. faka bixe beZi#e bujunareb, rihin bi{e durgun \al reqolareb. 196. ГIака бокьула нахулаб, гIадан вокьула гIамал лълъикIав. faka bopula na[ulab, fadan wopula famal :ijaw. 197. ГIака босейила рахьдалаб, чIчIужу ячейила гIамал берцинай. faka boseyila ra%dalab, Zu$u yaxeyila famal bercinay. 198. ГIака босилалде бокь гьабе, чIчIужу ячиналде рукъ гьабе. faka bosilalde bop habe, Zu$u yaxinalde ruq habe. 199. ГIака гьечIеб къайи – гIи гьечIеб ручун. faka hezeb qayi - fi hezeb ruxun. 200. ГIака какун нах кварай, росс какун рукъ кварай. faka kakun na[ kwaray, roS kakun ruq kwaray. 201. ГIака кьанагъдичIони кьандиб жо бугъилги багъарулареб. faka panavdizoni pandib $o buvilgi bavarulareb. 202. ГIака лъала лъабцIцIул къинлъидал, вас лъала эмен херлъидал. faka ;ala ;ab~ul qin;idal, was ;ala emen [er;idal. 203. ГIака ххаххаралълъул – бече хIалакъаб, кето кьариялълъул – хIама хIалакъаб. faka {a{ara:ul - bexe \alaqab, keto pariya:ul - \ama \alaqab. 204. ГIака чIчIегIераб бугониги, рахь хъахIаб букIуна. faka Zeferab bugonigi, ra% ]a\ab bujuna. 205. ГIакайилан ккун хIама бечIчIарай. fakayilan Kun \ama beZaray. 206. ГIакарумагIарда гIодоб чIчIараб оцгIанаб гIазу бугони, Ххунзахъ рекьи хъукьлъулареб. fakarumafarda fodob Zarab ocfanab fa#u bugoni, {un#a] repi ]up;ulareb. 207. ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран. fakdalgun ni/er bugeb $o - daran. 208. ГIакдацца гуребила рахь кьолеб, чуруццайила. fakdaCa gurebila ra% poleb, xuruCayila. 209. ГIакдацца рачIчI хьвагIичIони бугъа ххадуб унареб. fakdaCa raZ %wafizoni buva {adub unareb. 210. ГIакъил гIадада кIалъаларев. faqil fadada ja;alarew. 211. ГIакъил гIодове виччан кIалъала, гIабдал ахIдола. faqil fodowe wiXan ja;ala, fabdal a\dola. 212. ГIакъил кици тIамун кIалъала, гIабдаласс гьедун бицуна. faqil kici Tamun ja;ala, fabdalaS hedun bicuna. 213. ГIакъил къадруялде вахани мегIергIан кьуруларев, гIабдал даражаялде вахани хIотол сум гIадин гьетIарулев. faqil qadruyalde wa[ani meferfan purularew, fabdal dara$ayalde wa[ani \otol sum fadin heTarulew. 214. ГIакъил мекъи ккани, гIемерал мекъи ккола. faqil meqi Kani, femeral meqi Kola. 215. ГIакъил тIоццеве гIакъилассда лъала, гIабдал тIоццеве гIиссинлъималазда лъала. faqil ToCewe faqilaSda ;ala, fabdal ToCewe fiSin;imala#da ;ala. 216. ГIакъилчи хвани нахъе лълъикIаб цIцIар ххутIула, гIалимчи хвани лълъикIаб асар ххутIула. faqilxi [wani na]e :ijab ~ar {uTula, falimxi [wani :ijab asar {uTula. 217. ГIакъилаб бетIералълъе тIил къваригIунареб. faqilab beTera:e Til qwarifunareb. 218. ГIакъилаб гьой гIадада хIапдолареб, гIакъилав чи гIадада чвархъоларев. faqilab hoy fadada \a_dolareb, faqilaw xi fadada xwar]olarew. 219. ГIакъилаб жо бицине ххалатаб калам къваригIунаро. faqilab $o bicine {alatab kalam qwarifunaro. 220. ГIакъилав мискинчи къого бечедассдасса лълъикIав. faqilaw miskinxi qogo bexedaSdaSa :ijaw. 221. ГIакъилав чияссул гIантал лъималги рукIунел, гIантав чияссул гIакъилалги рукIунел. faqilaw xiyaSul fantal ;imalgi rujunel, fantaw xiyaSul faqilalgi rujunel. 222. ГIакъилавлъун вукIине квалквал гьабула гIакъилавлъун вукIине жигар бахъиялълъ. faqilaw;un wujine kwalkwal habula faqilaw;un wujine $igar ba]iya:. 223. ГIакъилал руцIцIун чIчIарабги заман бачIунебила. faqilal ru~un Zarabgi #aman bazunebila. 224. ГIакъилал эбел-инссулги рукIине бегьулелила гьагал лъимал. faqilal ebel-inSulgi rujine behulelila hagal ;imal. 225. ГIакъиласс бихьараб-рагIараб бицуна, гIабдаласс чохьол бицуна. faqilaS bi%arab-rafarab bicuna, fabdalaS xo%ol bicuna. 226. ГIакъиласс гIакъилай чIчIужу ялагьула, гIабдаласс гьумер берцинай ялагьула. faqilaS faqilay Zu$u yalahula, fabdalaS humer bercinay yalahula. 227. ГIакъиласс магIардаги ах гьабулеб, гIабдаласс гIанкIудул ханазул тIамуниги лал бокъинабулареб. faqilaS mafardagi a[ habuleb, fabdalaS fanjudul [ana#ul Tamunigi lal boqinabulareb. 228. ГIакъиласс ургъун бицуна, гIабдаласс кьвагьун биччала. faqilaS urvun bicuna, fabdalaS pwahun biXala. 229. ГIакъиласс цо чIчIужу ячуней, гIабдаласс чан щваниги ячуней. faqilaS co Zu$u yaxuney, fabdalaS xan &wanigi yaxuney. 230. ГIакъилассда малълъе, гIабдал гурони вуххуге. faqilaSda ma:e, fabdal guroni wu{uge. 231. ГIакъилассдасса ватIалъуге, гIабдалассда нахъвилълъунге. faqilaSdaSa waTa;uge, fabdalaSda na]wi:unge. 232. ГIакъилассдассан гIакълу щола, гIабдалассдассан щибго щоларо. faqilaSdaSan faqlu &ola, fabdalaSdaSan &ibgo &olaro. 233. ГIакъилассе вокьула жиндасса гIакъилав чи, хханассе бокьула бищунго гIакъилавлъун живго вукIине. faqilaSe wopula $indaSa faqilaw xi, {anaSe bopula bi&ungo faqilaw;un $iwgo wujine. 234. ГIакъилассе – ишан, гIабдалассе – бугI-бугI. faqilaSe - i^an, fabdalaSe - buf-buf. 235. ГIакъилассе къварилъи – гIабдалассе роххел. faqilaSe qwari;i - fabdalaSe ro{el. 236. ГIакъилассул газа кьурдаги рекIунеб, лълъим лъалессул квер гIордаги балеб. faqilaSul ga#a purdagi rejuneb, :im ;aleSul kwer fordagi baleb. 237. ГIакъилассул гIакълу къалмиццаги бицунеб. faqilaSul faqlu qalmiCagi bicuneb. 238. ГIакъилассул гIакълу рекIелI букIуна, гIабдалассул гIакълу мацIцIалда букIуна. faqilaSul faqlu reje/ bujuna, fabdalaSul faqlu ma~alda bujuna. 239. ГIакъилассул къассдал дагьал, къассдал гIемерассул гIакълу дагьаб. faqilaSul qaSdal dahal, qaSdal gemeraSul faqlu dahab. 240. ГIакъилассда рагIи рагIал баккарабго бичIчIулеб, гIабдалассда бугIизе кколеб. faqilaSda rafi rafal baKarabgo biZuleb, fabdalaSda bufi#e Koleb. 241. ГIакъилассул ссабру кIудияб, жагьилассул ццин ххеххаб. faqilaSul Sabru judiyab, $ahilaSul Cin {e{ab. 242. ГIакъиласс ункъо жо гьитIинаблъун рикIкIунареб - цIаги, унтиги, тушманлъиги, налъиги. faqilaS unqgo $o hiTinab;un riJunareb - `agi, untigi, tu^man;igi, na;igi. 243. ГIакъилассул хвел цо буго. faqilaSul [wel co bugo. 244. ГIакъилассул хIалтIи гIемераб, гIабдалассул чIанда гIемераб. faqilaSul \alTi femerab, fabdalaSul zanda femerab. 245. ГIакъилги къосунев, гIабдалассулги цIцIодораб жо кколеб. faqilgi qosunew, fabdalaSulgi ~odorab $o Koleb. 246. ГIакъилгун ургъун давла босе, гIабдалгун ургъун балагь тIаде цIцIаге. faqilgun urvun dawla bose, fabdalgun urvun balah Tade ~age. 247. ГIакъилзаби гIемерлъиялълъ гIакълу босизе чиго гьечIого ххутIун ругила. faqil#abi femer;iya: faqlu bosi#e xigo hezogo {uTun rugila. 248. ГIакъиллъи ботIролI бугев ссабруялда хьвадула, ссабруялда хьвадарав мурадалде вахуна. faqil;i boTro/ bugew Sabruyalda %wadula, Sabruyalda %wadaraw muradalde wa[una. 249. ГIакъиллъи тIаде ккола, ахIмакълъи гъоркье ккола. faqil;i Tade Kola, a\maq;i vorpe Kola. 250. ГIакълу бугел кантIулел, жо бичIчIулез росулел жалила кицаби. faqlu bugel kanTulel, $o biZule# rosulel $alila kicabi. 251. ГIакълу бикъулареб, я гIодобе бортулареб. faqlu biqulareb, ya fodobe bortulareb. 252. ГIакълу бикьулелълъул бакъалда тарав, намус бикьулелълъул гьоркьов ххутIарав. faqlu bipule:ul baqalda taraw, namus bipule:ul horpow {uTaraw. 253. ГIакълу бикьулелълъул нахъа ххутIарай, ххабар бикьулелълъул ццее кIанцIарай. faqlu bipule:ul na]a {uTaray, {abar bipule:ul Ceye jan`aray. 254. ГIакълу ботIрол кIодолъиялда бараб букIунебани, ганщил бищунго кIудияб букIинаанила. faqlu boTrol jodo;iyalda barab bujunebani, gan&il bi&ungo judiyab bujinaanila. 255. ГIакълу бугев инссуцца вас бергьине толарев. faqlu bugew inSuCa was berhine tolarew. 256. ГIакълу бугила нилIее къваригIараб меххалълъ чияхъ батулеб, чияе къваригIараб меххалълъ нилIехъ батулеб жо. faqlu bugila ni/eye qwarifarab me{a: xiya] batuleb, xiyaye qwarifarab me{a: ni/e] batuleb $o. 257. ГIакълу гьаре, боцIцIи гьаруге. faqlu hare, bo~i haruge. 258. ГIакълу гьечIеб бетIер, чIобогояб ракI, гIадалал ххиялаз хвана гIадада. faqlu hezeb beTer, zobogoyab raj, fadalal {iyala# [wana fadada. 259. ГIакълу гьечIеб бетIералда жаниб бугеб гIелму – бетIер гьечIеб къаркъалаялда лъураб тIагъур. faqlu hezeb beTeralda $anib bugeb felmu - beTer hezeb qarqalayalda ;urab Tavur. 260. ГIакълу гьечIеб къаркъала – къебелъухъ лълъадаричIеб нус. faqlu hezeb qarqala - qebe;u] :adarizeb nus. 261. ГIакълу гьечIеб гьавали гьаваялда хьвадула. faqlu hezeb hawali hawayalda %wadula. 262. ГIакълу гьечIев «гIакъил», бо гьечIев «ццевехъан». faqlu hezew «faqil», bo hezew «Cewe]an» 263. ГIакълу гьечIев васассдасса гьевги хун гьабураб бахъухъ лълъикIаб. faqlu hezew wasaSdaSa hewgi [un haburab ba]u] :ijab. 264. ГIакълу гьечIевгIан чи мекъав вукIуневила. faqlu hezewfan xi meqaw wujunewila. 265. ГIакълу гьечIей бика – рахь гьечIеб гIака. faqlu hezey bika - ra% hezeb faka. 266. ГIакълу гьечIел данде чIвагеги, гIажал щварал цадахъ ккогеги. faqlu hezel dande zwagegi, fa$al &waral cada] Kofogegi. 267. ГIакълу гьечIессе гIакълу кьоге. faqlu hezeSe faqlu poge. 268. ГIакълу гьечIессул берал гIемер гIодулел. faqlu hezeSul beral femer fodulel. 269. ГIакълу гьикъизе херав чи гьечIони, хераб хIохьода гьикъе. faqlu hiqi#e [eraw xi hezoni, [erab \o%oda hiqe. 270. ГIакълу гIемерассул калам дагьаб. faqlu femeraSul kalam dahab. 271. ГIакълу гIолеб гьечIони, ганчIида гьикъунги, гьикъичIого тоге. faqlu foleb hezoni, ganzida hiqungi, hiqizogo toge. 272. ГIакълу дагьал, цIцIалукагътал щварал жал рихьулахха, дир лъимал, нуж! (Ххунзахъа Аталазул Катуралълъ абурал кицилъун лIугьарал рагIаби). faqlu dahal, ~alukavtal &waral $al ri%ula{a, dir ;imal, nu$! ({un#a]a atala#ul katura: abural kici;un /uharal rafabi). 273. ГIакълу дагьассул мацIцI кIудияб. faqlu dahaSul ma~ judiyab. 274. ГIакълу дагьассул рагIи гIемераб. faqlu dahaSul rafi femerab. 275. ГIакълу заргIанав – гIамал зобгIанав. faqlu #arfanaw - famal #obfanab. 276. ГIакълу – къокъаб, чIанда – ххалатаб. faqlu - qoqab, zanda - {alatab. 277. ГIакълу къокъассул мацIцI ххалатаб. faqlu qoqaSul ma~ {alatab. 278. ГIакълу кьеги къвачIа цIун, къвачIа кьеги гIарцул цIун. faqlu pegi qwaza `un, qwaza pegi farcul `un. 279. ГIакълу ресалълъ малълъулеб. faqlu resa: ma:uleb. 280. ГIакълу саналI гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu sana/ gurebila bujuneb, boTro/ila. 281. ГIакълу тIагърикь гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu Tavrip gurebila bujuneb, boTro/ila. 282. ГIакълу тIатине ссабруги кьеги, ссабру алжаналълъул кIул букIин лъазе гъваридаб пикруги кьеги. faqlu Tatine Sabru pegi, Sabru al$ana:ul jul bujin ;a#e vwaridab _ikrugi pegi. 283. ГIакълу – ццебе, ццин – нахъе. faqlu - Cebe, Cin - na]e. Цо росулI гIумру гьабулел рукIанила эбелги васги. Ххеххгого россги хун, гьев васассе гIумру бичарай гIадан йикIанила эбел. Балугълъиялде вас вахиндал, чIчIужу ячине йигин, дир вас, диеги кумек букIинеян лIугьанила эбел. Вас разилъулев вукIинчIила. Эбелни тIасса йичIичIелълъул, цо релълъаралда рекъараб бакIги тIасса бищун, чIчIужуги ячанила, бертинги гьабунила. Гьедин дагьал моцIцIал анила. co rosu/ fumru habulel rujanila ebelgi wasgi. {e{gogo roSgi [un, hew wasaSe fumru bixaray fadan yijanila ebel. baluv;iyalde was wa[indal, Zu$u yaxine yigin, dir was, diyegi kumek bujineyan /uhanila ebel. was ra#i;ulew wujinzila. ebelni TaSa yizize:ul, co re:aralda reqarab bajgi TaSa bi&un, Zu$ugi yaxanila, bertingi habunila. hedin dahal mo~al anila. Цо къоялълъ, сапаралдасса вуссиндал, гьессда эбелалълъул берал риччун рихьанила. Щиб-кинилан цIеххедал, щибго гьечIин, херал руччабазул берал чваххулин, гьедин батилилан, тIасса вихьизавунила гьелълъ вас. КIиабилеб къоялълъги гьединго кканила. Щаклъун васасс ххал ккунила. Эбелалълъ цо абулила, нусалълъ анцIго гIезабулила… co qoya:, sa_araldaSa wuSindal, heSda ebela:ul beral riXun ri%anila. &ib-kinilan `e{edal, &ibgo hezin, [eral ruXaba#ul beral xwa{ulin, hedin batilin, TaSa wi%i#awunila he: was. jiabileb qoya:gi hedin Kanila. &ak;un wasaS {al Kunila. ebela: co abulila, nusa: an`go fe#abulila... Гьа, гьадинищхха иш букIарабилан, ццин бахъанила васассул. Дицца дуда абунин дие лълъади ячунгейилан, дуццаго ячанин, гьанже лълъикIго рукIайин, дун нужеда тIокIав вихьулариланги абун, унаго-унаго вас рикIкIаде, цо базаргабазул росулIе щванила. Гьенив цо бечедав базарганасс жиндирго ххамил тукада вичаризе тIамунила. Гьедин анила чанго сон. ha, hadini&{a i^ bujarabilan, Cin ba]anila wasaSul. diCa duda abunin diye :adi yaxungeyila, duCago yaxanin, han$e :ijgo rajayin, dun nu$eda Tojaw wi%ularilangi abun, unago-unago was riJade, co ba#argaba#ul rosu/e &wanila. heniw co bexedaw ba#arganaS $indirgo {amil tukada wixari#e Tamunila. hedin anila xango son. Цо къоялълъ базарганассда гьав, кIалдиб полопги бан, квешго лIугьун ватанила. Щиб-кинилан гьикъидал, валагьин, эбелги ракIалде щванин, гьелълъ тамахлъизе гьавунилан бицанила. co qoya: ba#arganaSda haw, jaldib _olo_gi ban, kwe^go /uhun watanila. &ib-kinilan hiqidal, walahin, ebelgi rajalde &wanin, he: tama[;i#e hawunilan bicanila. «Рокъове тIад вуссине бокьиларищ дуе?» – ян цIехханила базарганасс. Бокьилаанилан жаваб кьунила гьассги. РекIине чуги кьунила, базе ярагъги кьунила. ЛълъикIаб бихьун ххамил ххулжалги цIезарунила. «Дуда тIад вуссине ракIалде ккани, эбелги лълъадиги цадахъ рачун, гьанивеги вачIа. Сордо кIудияссул гIакълуги цIцIикIкIарабилан абулелълъул, цо дихъги гIенеккеян, - абунила базарганасс, - росулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. Гьоболассда къваригIел гьечIеб жоги цIеххоге, ццин нахъе ккезабуни, мун мекъссаги ккеларо. Гьанже дуе нух битIаги», – ян гьессул квер босанила. «roqowe Tad wuSine bopilari& duye?» - yan `e{anila ba#arganaS. bopilaanilan $awab punila haSgi. rejine xugi punila, ba#e yaravgi punila. :ijab bi%un {amil {ul$algi `e#arunila. «duda Tad wuSine rajalde Kani, ebelgi :adigi cada] raxun, haniwegi waza. sordo judiyaSul faqlugi ~iJarabilan abule:ul, co di]gi feneKeyan, - abunila ba#arganaS, - rosu/e &we#e res bujago, qwaTiwgi Zoge, rosu riJad bujin ;alago, qaSi nu[dagi wa]unge. hobolaSda qwarifel hezeb $ogi `e{oge, Cin na]e Ke#abuni, mun meqSagi Kelaro. han$e duye nu[ biTagi», - yan heSul kwer bosanila. Гьедин гьасс ватIаналде сапар бухьанила. Гьессда нухда цадахъ кканила, варанабазда лъун гIемераб къайи-къоногун, гьеб бичизе унел базаргаби. ЛълъикIго ссваканги рукIун, сордоги щолеб букIун, цо ссанагIатаб бакIалда рещтIине ракIалде кканила къайицадахъазда. Гьасс абунила, жинда гьабзазул хIапиги хIелказул гIегIедиги рагIанин, гIагардегIан росу батиялда щаклъи гьечIин, гьанир рещтIун лълъикI гурилан. Васассул гIакълуялълъухъ гьел гIенеккичIила, гьенирго чIчIанила. hedin haS waTanalde sa_ar bu%anila. heSda nu[da cada] Kanila, waranaba#da ;un femerab wayi-qonogun, heb bixi#e unel ba#argabi. :ijgo Swakan rujun, sordogi &oleb bujun, co Sanafatab bajalda re&Tine rajalde Kanila qayicada]a#da. haS abunila, $inda hab#a#ul \a_igi \elka#ul fefedigi rafanin, fagardefan rosu batiyalda &ak;i hezin, hanir re&Tun :ij gurilan. wasaSul faqluya:u] hel feneKizila, henirgo Zanila. Вас росулIе вилълъанила. Саламги кьун, росдал годекIаниве щванила. Рокъо-рокъоре гIадамалги ун, цо чи ххутIанила, кагътида тIад лъураб гьанал кесекги кодоб ккун, гьенивго. Гьобол вугищан гьикъанила гьесс васассда. ГьечIилан гьессги жаваб кьунила. ХIинкъиларев ватани, дида цадахъ вилълъаян абунила гьев чиясс. Щай хIинкъулев, мунги дунго гIадав гIадан гурищилан, ххадуб чуги цIцIан, гьавги гьессда ххадув анила. was rosu/e wi:anila. salamgi pun, rosdal godejaniwe &wanila. roqo-roqore fadamalgi un, co xi {uTanila, kavtida Tad ;urab hanal kesekgi kodob Kun, heniwgo. hobol wugi&an hiqanila heS wasaSda. hezilan heSgi $awab punila. \inqilarew watani, dida cada] wi:ayan abunila hew xiyaS. &ay \inqulew, mungi dungo fadaw fadan guri&ilan, {adub xugi ~an, hawgi heSda {aduw anila. Азбаралълъуре лIугьиндал, гьой гIадин раххссидаги бан, хIапулей йигила чIчIужугIадан. БетIергьанчиясс гьей раххссидасса йичанила. Жанире щванила. Таххида тIад, гIадан гIадин, бегун бугила гьой. Гъой чIчIужуялълъ гьоболассул чодуе кIалцIи-ххерги банила. Доб гьанги белъун, ххинкIалги гьарунила, квенги гьазда ццебе лъунила. Цинги рукъалълъул бетIергьанасс чIчIужугIадан йикIаралълъуйго юхьанила. Ххадур кIиялгоги квананила, ххутIараб ракьа-макъарги чуриги дой чIчIужуялълъеги кьунила. a#bara:ure /uhindal, hoy fadin ra{Sidagi ban, \a_uley yigila Zu$ufadan. beTerhanxiyaS hey ra{SidaSa yixanila. $anire &wanila. ta{ida Tad, fadan fadin, begun bugila hoy. voy Zu$uya: hobolaSul xoduye jal`i-{ergi banila. dob hangi be;un, {injalgi harunila, kwengi ha#da Cebe ;unila. cingi ruqa:ul beTerhanaS Zu$ufadan yijara:uygo yu%anila. {adur jiyalgogi kwananila, {uTarab rapa-maqargi xurigi doy Zu$uya:egi punila. Къасси макьуги щвечIила васассда, кин букIаниги хIал лъазеги течIила, радал вахъун нухда ине къачIанила. Додинго кваназеги гьавун, инехъин вукIарав вас гьоболасс тIад вуссине гьавунила. - Дуда гьаниб щибго гIажаиблъи гьабизе жого бихьичIищ? – ан гьикъанила. - Валлагь, дуда берцин бихьараб гуреяб, дида щибго гIажаибаб жо бихьичIо, – ян чIчIанила гьав. - Гьанже дида ххадув вачIа, – ян цо гвенд бихьизабунила гьасс гьоболассда. Цо рахъалде бутIрул, цоги рахъалде къаркъалаби ран ругила чIварал чагIазул. – КъваригIел гьечIеб жо цIеххон вукIарабани, мунги гьазда асскIов вукIинаан. Мун цIцIодорав чи вихьула, дицца дуда кинабго бицина. qaSi mapugi &wezila wasaSda, kin bujanigi \al ;a#egi tezila, radal wa]un nu[da ine qazanila. dodingo kwana#egi hawun, ine]in wujaraw was hobolaS Tad wuSine hawunila. - duda hanib &ibgo fa$aib;i habi#e $ogo bi%izi&? - an hiqanila. - walah, duda bercin bi%arab gureyab, dida &ibgo fa$aibab $o bi%izo, - yan Zanila haw. - han$e dida {aduw waza, - yan co gwend bi%i#abunila haS hobolaSda. co ra]alde buTrul, cogi ra]alde qarqalabi ran rugila zwaral xafa#ul. - qwarifel hezeb $o `e{on wujarabani, mungi ha#da aSjow wujinaan. mun ~odoraw xi wi%ula, diCa duda kinabgo bicina. Гьагъай гIадан дир яццгIал йиго. Ниж гьитIинго рукIаго, хвана нижер эбел-эмен. Гьелълъул эбелалълъ холелълъул дида гьарана кIудияй гIезегIан гьелълъул тIалаб гьабейила, ваццги яццги гIадинги рукIайилан. КIудиял гIедалги, бокьани, дуего тейила, бокьичIони, абун вачIарассе кьейила. Абун чи вачIиндал, дицца гьелда гьикъана - «Мун гьессиейищ кьелей, диегойищ телей?» – ян. «Дуего те», – ян абуна гьелълъ. Диццаги гьедин гьабуна. havay fadan dir yaCfal yigo. ni$ hiTingo rujago, [wana ni$er ebel-emen. he:ul ebela: [ole:ul dida harana judiyay fe#efan he:ul Talab habeyila, waCgi yaCgi fadin rujayila. judiyal fedalgi, bopani, duyego teyila, bopizoni, abun wazaraSe peyila. abun xi wazindal, diCa helda hiqana - «mun heSiyeyi& peley, diyegoyi& teley?» - yan. «duyego te», - yan abuna he:. diCagi hedin habuna. Дун кьижун ккаравго, гьей къватIие уней йикIун йиго. Щаклъун цо сордоялълъ ххадуб ххал ккуна. Росу рагIалда бугеб цо рокъое тIерхьун гьейги ана, ххадувго дунги вилълъана. dun pi$un Karawgo, hey qwaTiye uney yijun yigo. &ak;un co sordoya: {adub {al Kuna. rosu rafalda bugeb co roqoye Ter%un heygi ana, {aduwgo dungi wi:ana. Дицца нуцIцIа ричIеян ахIана. РичIизе рахараб гурилан ахIана жаниссан. Бараб малалълъ нуцIцIаги речIчIизабун, дун жаниве кIанцIана. Жанив вукIарав дида тIад речIчIана. Гьессдасса дун къолев вукIана. Дицца гьелда гьарана дие дагьаб кумек гьабеян. Гьелълъни гьабичIо. Дида ххадуб бачIун букIун буго гьаб гьой. РечIчIун тIадгун, гьелълъ гьев тIутIун вана. Гьеб къоялдасса нахъе дицца гьей раххссида бана, гьелълъул бакIалда гьой рокъобеги бачана. ЯццгIал йикIун, чIвазеги кIвечIо, – ян лIугIизабунила гьесс жиндирго ххабар. diCa nu~a rizeyan a\ana. rizi#e ra[arab gurilan a\ana $aniSan. barab mala: nu~agi reZi#abun, dun $aniwe jan`ana. $aniw wujaraw dida Tad reZana. heSdaSa dun qolew wujana. diCa helda harana diye dahab kumek habeyan. he:ni habizo. dida {adub bazun bujun bugo hab hoy. reZun Tadgun, he: hew TuTun wana. heb qoyaldaSa na]e diCa hey ra{Sida bana, he:ul bajalda hoy roqobe baxana. yaCfal yijun, zwa#egi jwezo, - yan /ufi#abunila heS $indirgo {abar. Вас нухда вахъанила. Дол цадахъ рукIарал базаргаби, хъачагъалги тIаде кIанцIун, кодосса къайиги бахъун, ратанила. Щванила гьав жиндирго росулIе. Рукъалълъул кIалтIеги ун, гордухъан жаниве валагьанила. Дой гьассул чIчIужуги йигила гIодой йикIун. Гьелълъул накабазда бетIерги лъун, кьижун цо гIолохъанчиги вугила, гьессул бетIер лълъухьулей гьейги йигила. was nu[da wa]anila. dol cada] rujaral ba#argabi, ]axavalgi Tade jan`un, kodoSa qayigi ba]un, ratanila. &wanila haw $indirgo rosu/e. ruqa:ul jalTegi un, gordu]an $aniwe walahanila. doy haSul Zu$ugi yigila fodoy yijun. he:ul nakaba#da beTergi ;un, pi$un co folo]anxigi wugila, heSul beTer :u%uley heygi yigila. Цин ххиял гьабунила, бахъун хханжаргун, жаниве кIанцIизе, нахъеги ургъанила, базарганассул гIакълу гIадахъ босиялълъ гьанжелъагIанги мекъи ккечIин, гьаб нухалълъги, гIакълу ццебе, ццин нахъе ккезабун лълъикIилан кканила. Гьав эбелалълъухъе вилълъанила. Гьобол вокьиларищан, жаниве лIугьанила. Валлагь, вокьилинхха, нусго вугонигиян, херай разиго данде яхъанила. cin {iyal habunila, ba]un {an$argun, $aniwe jan`i#e, na]egi urvanila, ba#arganaSul faqlu fada] bosiya: han$e;afangi meqi Kezin, hab nu[a:gi, faqlu Cebe, Cin na]e Ke#abun :ijanilan Kanila. haw ebela:u]e wi:anila. hobol wopilari&an, $aniwe /uhanila. walah, wopilin{a, nusgo wugonigiyan, [eray ra#igo dande ya]anila. Квана-гьекъон вахъаравго, гьав цIеххолданила, дур лъимал-чагIиго гьечIищин, нахъе щал ругелилан. Гьалълъги ккараб жо бицанила, васги вукIанин жиндир. Цо пайда гьечIеб кIалъай жиндирги нусалълъулги ккунилан, къватIиве арав гьевги тIокIав тIад вуссинчIила. ГIемер мехх иналде нусалълъ месед гIадав васги гьавунила. Гьанже гьез тIалаб-агъазги гьабун, жийги йигила, васассулги щибго ххабар лъачIила. kwana-heqon wa]arawgo, haw `e{oldanila, dur ;imal-xafigo hezi&an, na]e &al rugelilan. ha:gi Karab $o bicanila, wasgi wujanin $indir. co _ayda hezeb ja;ay $indirgi nusa:ulgi Kunilan, qwaTiwe araw hewgi Tojaw Tad wuSinzila. femer me{ inalde nusa: mesed fadaw wasgi hawunila. han$e he# Talab-ava#gi habun, $iygi yigila, wasaSulgi &ibgo {abar ;azila. Гьеле гьев вас жив вугилан, эбелалда гьавги ххурхханила. Гьеб меххалдасса нахъе эбелги, васги, хъизанги цадахъ талихIаб гIумруялда ругила. hele hew was $iw wugilan, ebelalda hawgi {ur{anila. heb me{aldaSa na]e ebelgi, wasgi, ]i#angi cada] tali\ab fumruyalda rugila. 284. ГIакълу цIцIикIкIарассул гIамал гьитIинаб. faqlu ~iJaraSul famal hiTinab. 285. ГIакълу цIцIикIкIарассул нигат бацIцIадаб. faqlu ~iJaraSul nigat ba~adab. 286. ГIакълуги пагьмуги хIуруцца баххчулареб. faqlugi _ahmugi \uruCa ba{xulareb. 287. ГIакълуялда къуват бащалъулеб жо гьечIебила. faqluyalda quwat ba&a;uleb $o hezebila. 288. ГIакълуялълъул бетIергьан хIасад гьечIеб вукIуна. faqluya:ul beTerhan \asad hezeb wujuna. 289. ГIакълуялълъул эбел – калам дагь гьаби, дарабазул эбел – квен дагь гьаби. faqluya:ul ebel - kalam dah habi, daraba#ul ebel - kwen dah habi. 290. ГIакъуба бихьичIесс къо хIехьолареб. faquba bi%izeS qo \e%olareb. 291. ГIала бекерун цIцIар босиларо, цIцIуяй гьаюдун рукъ бечелъиларо. fala bekerun ~ar bosilaro, ~uyay hayudun ruq bexe;ilaro. 292. ГIала – чармил, чу – маххул. fala - xarmil, xu - ma{ul. 293. ГIалимчи гIалимчияссда лъала, гIакъил гIакъилассда лъала, гIарцул бацIцIалъи къебедассда лъала. falimxi falimxiyaSda ;ala, faqil faqilaSda ;ala, farcul ba~a;i qebedaSda ;ala. 294. ГIалимзабазда асскIов – жагьилчи, жагьилзабазда асскIов – гIалимчи. falim#aba#da aSjow - $ahilxi, $ahil#aba#da aSjow - falimxi. 295. ГIалимчи вукIине кколев гьулчун бачIунеб ралъад гIадавги щун бачIунеб гIор гIадавги. falimxi wujine Kolew hulxun bazuneb ra;ad fadawgi &un bazuneb for fadawgi. 296. ГIалимчи лъалев живго гIадав гIалимчияссда, устар лъалев живго гIадав устарассда. falimxi ;alew $iwgo fadaw falimxiyaSda, ustar ;alew $iwgo fadaw ustaraSda. 297. ГIалимчиги вукIунев, цо-цо цIцIалунчиги вукIунев. falimxigi wujunew, co-co ~alunxigi wujunew. 298. ГIалихъиличил хъиртIеги ине бегьула яс гьаризе, Хъарагищил гьинтIеги ине бегьула. fali]ilixil ]irTegi ine behula yas hari#e, ]aragi&il hinTegi ine behula. 299. ГIалххуда мокъокъги къороллъугеги, мокъокъил тIанчIиги бессдаллъугеги. fal{uda moqoqgi qorol;ugegi, moqoqil Tanzigi beSdal;ugegi. 300. ГIалххудаги берал ругел, къададаги гIундул ругел. fal{udagi beral rugel, qadadagi fundul rugel. 301. ГIалххул чанги цIунулеб жибго жинццаго, гIонкIкIол тIинчIги цIунулеб жибго жинццаго. fal{ul xangi `unuleb $ibgo $inCago, fonJol Tinzgi `unuleb $ibgo $inCago. 302. ГIамал бихьун хIалтIе, хIал бихьун хьвагIе. famal bi%un \alTe, \al bi%un %wafe. 303. ГIамал гьечIев гIалимчи – бакъ гьечIеб рагIад. famal hezew falimxi - baq hezeb rafad. 304. ГIамал зобгIан кIудияссда гIакълу заргIан гурони букIунаребила. famal #obfan judiyaSda faqlu #arfan guroni bujunarebila. 305. ГIамал къадаразе гьабураб лълъикIлъи – дуйго квешлъиялълъе батулеб бакIлъи. famal qadara#e haburab :ij;i - duygo kwe^;iya:e batuleb baj;i. 306. ГIамал кIудияв, гьунар гьитIинав. famal judiyaw, hunar hiTinaw. 307. ГIамал кIудияв чи – гIадамазул тушман, лIар бегIераб хIайван – хIайваназул тушман. famal judiyaw xi - fadama#ul tu^man, /ar beferab \aywan - \aywana#ul tu^man. 308. ГIамал кIудияссул гIакълу гьитIинаб. famal judiyaSul faqlu hiTinab. 309. ГIамал лълъикIаб чода нахъа-ццере рекIунел. famal :ijab xoda na]a-Cere rejunel. 310. ГIамал рекъечIеб ригьиналдассаги цIунаги, цIуна-къай гьечIеб хъизаналдассаги цIунаги. famal reqezeb rihinaldaSagi `unagi, `una-qay hezeb ]i#analdaSagi `unagi. 311. ГIамал рекъонила къадарги хъвалеб. famal reqonila qadargi ]waleb. 312. ГIамал рекъолареб къадаралдасса, къадарги щун хабалIе инго лълъикI. famal reqolareb qadaraldaSa, qadargi &un [aba/e ingo :ij. 313. ГIамалалда рекъарабила гIумруги букIунеб. famalalda reqarabila fumrugi bujuneb. 314. ГIамалалълъ басра гьавурав асс-къоялълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw aS-qoya: jodo hawularew. 315. ГIамалалълъ басра гьавурав насибалълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw nasiba: jodo hawularew. 316. ГIамаликъаб цIцIуяб жоялдассаги цIунаги, цIцIад гьечIеб рииялдассаги цIунаги. famaliqab ~uyab $oyaldaSagi `unagi, ~ad hezeb riiyaldaSagi `unagi. 317. ГIанабазда гIи хьихьуларо, гъалазда чу бухьунаро. fanaba#da fi %i%ularo, vala#da xu bu%unaro. 318. ГIанкIкI гьойдасса хIинкъарабила, гьой гIанкIкIидасса хIинкъарабила. fanJ hoydaSa \inqarabila, hoy fanJidaSa \inqarabila. 319. ГIанкIкI кколареб жоялълъ цер кквеларо. fanJ Kolareb $oya: cer Kwelaro. 320. ГIанкIкI чIвазе унелълъул, бацI чIвазе гIадин айила. fanJ zwa#e une:ul, ba` zwa#e fadin ayila. 321. ГIанкIкIгун вагъизе, гъалбацIгун вагъизе гIадин къачIай. fanJgun wavi#e, valba`gun wavi#e fadin qazay. 322. ГIанкIкIида гIарада речIчIулареб, чIчIотIоде ххвалчен хьвагIулареб. fanJida farada reZulareb, ZoTode {walxen %wafulareb. 323. ГIанкIкIил бихьинлъи-цIцIулъи хханассда гурони лъаларебила. fanJil bi%in;i-~u;i {anaSda guroni ;alarebila. Гьалълъул магIна гуро ххан гIакъилав вугилан, ялъуни гьессул лъай цIцIикIкIараб бугилан абураб. МагIна буго, гьесс бихьинабан абураб бихьинабан тезе ккола, цIцIуябан абураб цIцIуябан тезе ккола, гьессие бокьаралда ххадур рилълъинчIого чара гьечIоян абураб. ХIакъикъаталда ххалкъалълъ жидедаго гьоркьов ххан маххссара-ххочIалълъе гьавулев вуго. ha:ul mafna guro {an faqilaw wugilan, ya;uni heSul ;ay ~iJarab bugilan aburab. mafna bugo, heS bi%inaban aburab bi%inaban te#e Kola, ~uyaban aburab ~uyaban te#e Kola, heSiye boparalda {adur ri:inzogo xara hezoyan aburab. \aqiqatalda {alqa: $idedago horpow {an ma{Sara-{oza:e hawulew wugo. 324. ГIанкIкIие хIетI кьалаб, мокъокъие кIал кьалаб. fanJiye \eT palab, moqoqiye jal palab. 325. ГIанкIкIицца чIвараб цIцIум, цIцIецца ккураб бацI. fanJiCa zwarab ~um, ~eCa Kurab ba`. 326. ГIанкIкIиццаги беццулеб жиндирго рукIун, гIонкIкIоццаги беццулеб жиндирго каратI. fanJiCagi beCuleb $indirgo rujun, fonJoCagi beCuleb $indirgo karaT. 327. ГIанкIу бикъарасс оцги бикъулебила. fanju biqaraS ocgi biqulebila. 328. ГIанкIу кинаб бугониги, хханил тIагIам цо букIунеб. fanju kinab bugonigi, {amil Tafam co bujuneb. 329. ГIанкIу къинлъулареб хоно гъоркь течIони, хIалтIуде гъира балареб рахъи гьечIони. fanju qin;ulareb [ono vorp tezoni, \alTude vira balareb ra]i hezoni. 330. ГIанкIу холеб хъирщадулаго, гIадан холев бечелъизе чIучIадулаго. fanju [oleb ]ir&adulago, fadan [olew bexe;i#e zuzadulago. 331. ГIанкIу чIчIегIераб бугониги, хоно хъахIаб гьабула. fanju Zeferab bugonigi, [ono ]a\ab habula. 332. ГIанкIудал мокъида мокъокъ чIчIоларо, хIамил руссуналда чу бухьунаро. fanjudal moqida moqoq Zolaro, \amil ruSunalda xu bu%unaro. 333. ГIанкIудал ханазул тIамуниги лал бокъунарев. fanjudal [ana#ul Tamunigi lal boqunarew. 334. ГIанкIуялълъ квегъулеб хIелеко. fanjuya: kwevuleb \eleko. 335. ГIанкIуялълъ хъирщи таниги, чиясс ругьунаб гIамал толареб. fanjuya: ]ir&i tanigi, xiyaS ruhunab famal tolareb. 336. ГIантаб рагIи тIад буссун дудаго речIчIулеб. fantab rafi Tad buSun dudago reZuleb. 337. ГIантаб суалалълъе жавабги гIантаб букIуна. fantab suala:e $awabgi fantab bujuna. 338. ГIантаб томеналдасса цIцIодораб шагьи лълъикIаб. fantab tomenaldaSa ~odorab ^ahi :ijab. 339. ГIантав бахIарчияссдасса хIинкъарав цIцIодор лълъикIав. fantaw ba\arxiyaSdaSa \inqaraw ~odor :ijaw. 340. ГIантав вукIа абе, гIадалав вукIа абе – цого жо. fantaw wuja abe, fadalaw wuja abe - cogo $o. 341. ГIантав гьудулассдасса цIцIодорав тушманго лълъикIавила. fantaw hudulaSdaSa ~odoraw tu^mango :ijila. 342. ГIантал чагIи гьечIони, гIакъилассе боцIцIи кисса щвелеб? fantal xafi hezoni, faqilaSe bo~i kiSa &weleb? 343. ГIантасс лълъади какулейила, квешасс гьудул какулевила. fantaS :adi kakuleyila, kwe^aS hudul kakulewila. 344. ГIантассда цIеххезе кколареб, цIеххечIониги гьесс жинццаго бицунеб. fantaSda `e{e#e Kolareb, `e{ezonigi heS $inCago bicuneb. 345. ГIантассе – бухъарабго хоб, чIварабго лахIту. fantaSe - bu]arabgo [ob, zwarabgo la\tu. 346. ГIантассе кици тIамуни, гьелълъул магIнаги бицине кколебила. fantaSe kici Tamuni, he:ul mafnagi bicine Kolebila. 347. ГIаракъи – ургьибе, гIакълу – гьаваялде. faraqi - urhibe, faqlu - hawayalde. 348. ГIаракъидул шишаялълъ борлIулареб къед гьечIебила. faraqidul ^i^aya: bor/ulareb qed hezebila. 349. ГIарахъмагIардаги ссверун ралагье (ссверухъе ралагьичIого, рагIи кьвагьун биччаге). fara]mafardagi Swerun ralahe (Sweru]e ralahizogo, rafi pwahun biXage). 350. ГIарац балагьизе бигьаяб, кквезе захIматаб жойила. farac balahi#e bihayab, Kwe#e #a\matab #oyila. 351. ГIарац бекьани, месед бижулеб. farac bepani, mesed bi$uleb. 352. ГIарац бугев гуревила бечедав, гIакълу бугевила. farac bugew gurewila bexedaw, faqlu bugewila. 353. ГIарац бугессул рилълъингицин батIияб. farac bugeSul ri:ingicin baTiyab. 354. ГIарац бугони, магIардаги ах гьабула. farac bugoni, mafardagi a[ habula. 355. ГIарац гьечIессе буххча ссундуе, нич гьечIессе ххабар ссундуе? farac hezeSe bu{xa Sunduye, nix hezeSe {abar Sunduye? 356. ГIарац гьечIев чияссул чвантил кIалтIу къваридаб. farac hezew xiyaSul xwantil jalTu qwaridab. 357. ГIарац гьечIолъи – гIагарал чагIи гьечIолъи. farac hezoni - fagaral xafi hezoni. 358. ГIарац гIемерлъиялдасса гьудулзаби гIемерлъи лълъикIаб. farac femer;iyaldaSa hudul#abi femer;i :ijab. 359. ГIарац дагьаб бугониги гIола, гIемерлъанищ, гьелълъие гIей гьечIеб. farac dahab bugonigi fola, femer;ani&, he:iye fey hezeb. 360. ГIарац жо гуро, живго чи вукIине ккола. farac $o guro, $iwgo xi wujine Kola. 361. ГIарац кьавуцца кварав (ГIарцуда кьаву чIварав). farac pawuCa kwaraw (farcuda pawu zwaraw). 362. ГIарац кьун босараб жойилан, жугьтIицца ссапун кварабила. farac pun bosarab $oyilan, $uhTiCa Sa_un kwarabila. 363. ГIарац кIалъалеб меххалълъ, ритIухълъи буцIцIун чIчIола. farac ja;aleb me{a:, riTu];i bu~un Zola. 364. ГIарац рикIкIун босе, ххам борцун босе. farac riJun bose, {am borcun bose. 365. ГIарац тIагIинабизеги, чу хIалакъ гьабизеги – бигьаяб жо. farac Tafinabi#egi, xu \alaq habi#egi - bihayab $o. 366. ГIарац хъирис буго, букаричIого букIунаро. farac ]iris bugo, bukarizogo bujunaro. 367. ГIарац-меседалълъул багьа гьабизе бегьула, лълъикIаб рагIул багьа гьабун бажаруларо. farac-meseda:ul baha habi#e behula, :ijab raful baha habun ba$arularo. 368. ГIаркьел бекунилан, гъветI бакъвалареб. farpel bekunilan, vweT baqwalareb. 369. ГIарцул горал раниги, гуржи ганжалъиларо, горал рахъун лъуниги, хъирмил багьа хвеларо. farcul goral ranigi, gur$i gan$a;ilaro, goral ra]un ;unigi, ]irmil baha [welaro. 370. ГIарцул гьудуллъиги гьудуллъи гуребила, боцIцIул ригьинги ригьин гуребила. farcul hudul;igi hudul;i gurebila, bo~ul rihingi rihin gurebila. 371. ГIарцул квешлъи – гьечIолъи, гьанал квешлъи – хIалакълъи. farcul kwe^;i - hezo;i, hanal kwe^;i - \alaq;i. 372. ГIарцул кисаялдасса кIудияв чияссул гIакълу лълъикIаб. farcul kisayaldaSa judiyaw xiyaSul faqlu :ijab. 373. ГIарцул ссахIалдасса кIудияв чияссул гIакълу бергьунебила. farcul Sa\aldaSa judiyaw xiyaSul faqlu berhunebila. 374. ГIарцуцца бацIцIуна, боцIцIуцца чурула. farcuCa ba~una, bo~uCa xurula. 375. ГIарцуцца хханассул лагъги лагъассул хханги гьавулев. farcuCa {anaSul lav;i lavaSul {angi hawulew. 376. ГIатI бугони – ххинкIал, ххам бугони – ретIел. faT bugoni - {injal, {am bugoni - reTel. 377. ГIатI лълъамалъи – чохьол талихI. faT :ama;i - xo%ol tali\. 378. ГIатIада хIучч хъвалев, ххинкIазда гIуж балев. faTada \uX ]walew, {inja#da fu$ balew. 379. ГIатIалълъ лъурай гIунарай, гIазулI лъурай йорчIарай (гIуничIей). faTa: ;uray funaray, fa#u/ ;uray yorzaray (funizey). ХIинкьи букIун, эбелалълъ жиндирго яс гIатIалълъ яххчун йиго, бессдал яс, квачангIаги хвелародаян, гIазулI къазаюн йиго... \inqi bujun, ebela: $indirgo yas faTa: ya{xun yigo, beSdal yas, kwaxanfagi [welarodayan, fa#u/ qa#ayun yigo... 380. ГIатIго букIаго, кьуризе дидаги лъачIо, бакъвадго кьурулаго, къваркьан бекана (Хьопода кьуричIони, гIоркьида бекулеб). faTgo bujago, puri#e didago ;azo, baqwadgo purulago, qwarpan bekana (%o_oda purizoni, forpida bekuleb). 381. ГIатIго цIцIачIеб ботIил чIор, бучIулI цIцIани, бекула, борчIулI квер щвечIеб кеке хIасралъуда ххутIула. faTgo ~azeb boTil zor, buzu/ ~ani, bekula, borzu/ kwer &wezeb keke \asra;uda {uTula. 382. ГIатIиги тIатIиги – цого жо. faTigi TaTigi - cogo $o. 385. ГIатIидаб дунялалда кьечIеб талихI къваридаб хобалълъубги кьеларо. faTidab dunyalalda pezeb tali\ qwaridab [oba:ubgi pelaro. 386. ГIатIидал къоял ххеххго къокъунел, къваридал ун рахъунарел. faTidal qoyal {e{go qoqunel, qwaridal un ra]unarel. 387. ГIатIидассе кьурул нохъоги гIатIидаб, къваридассе тIолго дуниялги къваридаб. faTidaSe purul no]ogi faTidab, qwaridaSe Tolgo duniyalgi qwaridab. 388. ГIатIилъиялде ккани, къварилъи кIочон толеб. faTi;iyalde Kani, qwari;i joxon toleb. 389. ГIахьалаб гьойдасса нилIго бетIергьанаб кетого лълъикIила. fa%alab hoydaSa ni/go beTerhanab ketogo :ijila. 390. ГIачигъовулI вищарав, бакъанида реххарав (рехьед биххулI реххарав). faxivowu/ wi&araw, baqanida re{araw (re%ed bi{u/ re{araw). 391. ГIачиялълъе чу гъурай, чахъабалълъе росс гъурай. faxiya:e xu vuray, xa]aba:e roS vuray. 392. ГIачIрал гьаналги гьагIуйила, бачил гьаналги гьагIуйила. fazral hanalgi hafuyila, baxil hanalgi hafuyila. 393. ГIашилтIа Манташ гIадин. fa^ilTa manta^ fadin. Манташ вукIун вуго бечедав инссул вас, гьагав гIоркьилав. ГIолохъанлъиялде вахаралдасса нахъего тIеренаб дарайдул гвердилI реххулел рукIун руго Манташицца ххасалил кьварарал къоял. «Ххасало гвала ретIе, Манташ, риидал гвердилI вукIа!» – ян гIадамаз гIакълу кьураб меххалълъ, гьесс абулеб букIун буго ххасалил лъабго моцIцIалълъе гIоло Манташицца чIухIи гIодобе реххуларилан. Гьеб чIухIиялълъ Манташ нуха регIун вуго кIикъого соналълъул гIумруялде вахиналдего. manta^ wujun wugo bexedaw inSul was, hagaw forpilaw. folo]an;iyalde wa[araldaSa na]ego Terenab daraydul gwerdi/ re{ulel rujun rugo manta^iCa {asalil pwararal qoyal. «{asalo gwala reTe, manta^, riidal gwerdi/ wuja!» - yan fadama# faqlu purab me{a:, heS abuleb bujun bugo {asalil ;abgo mo~a:e folo manta^iCa zu\i fodobe re{ularilan. heb zu\iya: manta^ nu[a refun wugo joqogo sona:ul fumruyalde wa[inalde. Гьаб буго гIемерал магIарулазда гьоркьоб тIибитIун араб дандекквеялълъулаб кици. Кин, щиб хIалалда вугеван гьикъараб меххалълъ, тIассан борчIараб эркенлъиялда вугилан абураб магIнаялда, цо-цояз жаваб кьола ГIашилтIа Манташ гIадин вугилан. hab bugo femeral mafarula#da horpob TibiTun arab dandeKweya:ulab kici. kin, &ib \alalda wugewan hiqarab me{a:, TaSan borzarab erken;iyalda wugilan aburab mafnayalde, co-coya# $awab pola fa^ilTa manta^ fadin wugilan. 394. ГIащтIи хвезе ноцIцI гIадав, цIцIам гьечIеб чурпа гIадав. fa&Ti [we#e no~ fadaw, ~am hezeb xur_a fadaw. 395. ГIашура къваридаб, къурбан гIатIидаб. fa^ura qwaridab, qurban faTidab. 396. ГIашурадул моцIцIилан абула моцIцIрол соналълъул мухIарам моцIцIалде, къурбанаб моцIцIиланги абула зулхIижат моцIцIалде. Гьеб кIиябго моцIцIалда жаниб кколеб хис-басалълъул хIакъалълъулI буго кици. «МухIарам моцIцI кьерхадул, зулхIижат моцIцI роцIцIадул» абураб магIнаялдаги хIалтIизабула. fa^uradul mo~ilan abula mo~rol sona:ul mu\aram mo~olde, qurbanab mo~ilangi abula #ul\i$at mo~alde. heb jiyabgo mo~alda $anib Koleb [is-basa:ul \aqa:u/ bugi kici. «mu\aram mo~ per[adul, #ul\i$at mo~ ro~adul» aburab mafnayaldagi \alTi#abula. 397. ГIебуда зар баге, зазида хIетIе чIчIоге. febuda #ar bage, #a#ida \eTe Zoge. 398. ГIебуялдасса бегIераб жо – гIолохъанчияссул ракI, моххмоххидасса кьарияб жо – мегIер. febuyaldaSa beferab $o - folo]anxiyaSul raj, mo{mo{idaSa pariyab $o - mefer. 399. ГIебуялълъ гIебу борлIулареб. febuya: febu bor/ulareb. 400. ГIедал течIони, хведал толебила. fedal tezoni, [wedal tolebila. 401. ГIедал щарги чIвалеб, ккедал (щведал) чиги чIвалев. fedal &argi zwaleb, Kedal (&wedal) xigi zwalew. Ццебе, чабхъадул заманалда, Мусал ГIадалаван вукIун вуго цIцIар рагIарав ццевехъан. Чабхъад живги вачеян гьаризе арав цо гIолохъанчияссда гьев ватун вуго щар чIвалев. Cebe, xab]adul #amanalda, musal fadalawan wujun wugo ~ar rafaraw Cewe]an. xab]ad $iwgi waxeyan hari#e araw co folo]anxiyaSda hew watun wugo &ar zwalew. Дуцца, цIцIар рагIарав бахIарчиясс, щаргIаги щай чIвалебан гьикъараб меххалълъ, гьесс жаваб кьун буго. БахIарчи эбалълъе ясги вукIине кколев, ясалълъе россги вукIине кколев. ГIедал щарги чIвалеб нилIецца, ккедал чиги чIвалев нилIецца. duCa, ~ar rafaraw ba\arxiyaS, &arfagi &ay zwaleban hiqarab me{a:, heS $awab pun bugo. ba\arxi ebela:e yasgi wujine Kolew, yasa:e riSgi wujine Kolew. fedal &argi zwaleb ni/eCa, Kedal xigi zwalew ni/eCa. 402. ГIедал яс раса-цIцIалкIугун ягъулей. fedal yas rasa-~aljugun yavuley. 403. ГIедал яс россассе кье, яс йиго цIцIорол цIарагI. fedal yas roSaSe pe, yas yigo ~orol `araf. 404. ГIедал ясалълъе росс щваги, бокъиндал лалие гьури бачIаги. fedal yasa:e roS &wagi, boqindal laliye huri bazagi. 405. ГIедегIараб гважуцца беццаб когIо гьабулебила. fedefarab gwa$uCa beCab kofo habulebila. 406. ГIедегIараб гIанкIкI гьакицца кколеб. fedefarab fanJ hakiCa Koleb. 407. ГIедегIараб гIор ралъдахъе щолареб. fedefarab for ra;da]e &olareb. 408. ГIедегIун вачIарав гьобол гIедегIун уневила. fedefun wazaraw hobol fedefun unewila. 409. ГIедегIун гьабурабгIан, мурадалде щоларел. fedefun haburabfan, muradalde &olarel. 410. ГIедегIун хверхараб ххеххго биххулеб. fedefun [we[arab {e{go bi{uleb 411. ГIедегIунги гьабуге, гIададаги вукIунге. fedefungi habuge, fadadagi wujunge. 412. ГIей гьечIеб боцIцIиялдасса цIунаги. fey hezeb bo~iyaldaSa `unagi. 413. ГIейдал течIони, хвейдал толебила. feydal tezoni, [weydal tolebila. 414. ГIелалдего херлъарав, хвелалдего шапарав. felaldego [er;araw, [welaldego ^a_araw. 415. ГIелалълъ гIел ккола, кьералълъ кьер ккола. fela: fel Kola, pera: per Kola. 416. ГIелму асслу буго, пагьму кьучIчI буго, кьучIчIалда гурони къедги чIчIоларо. felmu aSlu bugo, _ahmu puZ bugo, puZalda guroni qedgi Zolaro. 417. ГIелму бигьаяб жояни, гIундулххалатиццаги гьабилаан. felmu bihayab $oyani, fundul{alatiCagi habilaan. 418. ГIелму бикъуларо, гIакълу бахъуларо. felmu biqularo, faqlu ba]ularo. 419. ГIелму бокьарассда макьу щоларо. felmu boparaSda mapu &olaro. 420. ГIелму бугев гIабдалги вукIунев, гIакълу бугев жагьилги ватулев. felmu bugew fabdalgi wujunew, faqlu bugew $ahilgi watulew. 421. ГIелму – гъветI, гIамал – пихъ. felmu - vweT, famal - _i]. 422. ГIелму гьечIеб ххалгIаталълъги лъай гьечIеб бетIералълъги чи алжаналълъуве вачинаро. felmu hezeb {alfata:gi ;ay hezeb beTera:gi xi al$ana:uwe waxinaro. 423. ГIелму гьечIев – рекъав, гIакълу гьечIев – беццав. felmu hezew - reqaw, faqlu hezew - beCaw. 424. ГIелму – гIакълуялълъул черхх. felmu - faqluya:ul xer{. 425. ГIелму гIодоб батулареб, гIакълу бичун босулареб. felmu fodob batulareb, faqlu bixun bosulareb. 426. ГIелму дагьав гIалимчи росугун къаццандула. felmu dahaw falimxi rosugun qaCandula. 427. ГIелму жавгьар буго, жагьлу загьру буго. felmu $awhar bugo, $ahlu #ahru bugo. 428. ГIелму – канлъи, жагьлу – бецIцIлъи. felmu - kan;i, $ahlu - be~;i. 429. ГIелму къарзалълъе кьолареб. felmu qar#a:e polareb. 430. ГIелму тIалаб гьабейила, киниялдассан байбихьун, лахIтуялде щвезегIан. felmu Talab habeyila, kiniyaldaSan baybi%un, la\tuyalde &we#efan. 431. ГIелму цIцIали – бигьаяб жо, гIадан лIугьин – захIматаб жо. felmu ~ali - bihayab $o, fadan /uhin - #a\matab $o. 432. ГIелмудал лълъалъ щвараб лъайги камилаб. felmudal :a; &warab ;aygi kamilab. 433. ГIакълудал нур гIураб гIадлуги лълъикIаб. faqludal nur furab fadlugi :ijab. 434. ГIелмуялдасса бергьараб жо – гIакълу. felmuyaldaSa berharab $o - faqlu. 435. ГIелмуялълъ гIакълу кьола, гIакълуялълъ пайда кьола. felmuya: faqlu pola, faqluya: _ayda pola. 436. ГIелмуялълъ гIодовегIанав чи тIадегIан гьавула, жагьиллъиялълъ тIадегIанав чи гIодовегIан гьавула. felmuya: fodowefanan xi Tadefan hawula, $ahil;iya: Tadefanaw xi fodowefan hawula. 437. ГIелмуялълъ лълъалъачIого, гIакълуялда тIегь балареб. felmuya: :a;azogo, faqluyalda Teh balareb. 438. ГIелмуялълъе къадаравгIан гIалимчияссул нух къваридаб. felmuya:e qadarawfan falimxiyaSul nu[ qwaridab. 439. ГIелмуялълъул бетIер – гIакълу, гIакълуялълъул бетIер – ссабру, ссабруялълъул бетIер – пикру. felmuya:ul beTer - faqlu, faqluya:ul beTer - Sabru, Sabruya:ul beTer - _ikru. Цо гIолилав ун вукIаравила рикIкIадаб улкаялде цIцIализе. ЦIцIалун вачIунаго, щваравила цо херав чияссда асскIове. cu folilaw un wujarawila riJadab ulkayalde ~ali#e. ~alun wazunago, &warawila co [eraw xiyaSda aSjowe. Гьикъарабила херав чиясс. hiqarabila [eraw xiyaS. - ГIелму щварабищ, гьудул? - felmu &warabi&, hudul? - Щвана, цIцIалун вахъана. - &wana, ~alun wa]ana. - ГIелмуялълъул бетIер щибхха? felmuya:ul beTer &ib{a? - Лъаларо. - ;alaro. - Лъалареб батани, – ян абун буго херасс, – мун дагьавги цIцIализе ккелахха. - ;alareb batabi, - yan abun bugo [eraS, - mun dahawgi ~ali#e Kela{a. Нахъвуссун вуго. Гьанжесса жиндирго устарассдассан гьассда лъан буго гIелмуялълъул бетIер щибали. na]wuSun wugo. han$eSa $indirgo ustaraSdaSan haSda ;an bugo felmuya:ul beTer &ibali. ГIолилав гьанжеги вачIун вуго кIудияв чияссухъе. folilaw han$egi wazun wugo judiyaw xiyaSu]e. - Щиб ккараб? Лъарабищ гIелмуялълъул бетIер щибали? – ян гьикъун буго кIудияв чиясс. - &ib Karab? ;alabi& felmuya:ul beTer &ibali? - yan hiqun bugo judiyaw xiyaS. - ГIелмуялълъул бетIер гIакълу буго, – ян жаваб кьун буго гIолиласс. - felmuya:ul beTer faqlu bugo, - yan $awab pun bugo folilaS. - БитIун буго. Элълъулги бетIер щибхха? – ян гьикъун буго херасс. - biTun bugo. e:ulgi beTer &ib{a? - yan hiqun bugo [eraS. Лъаларилан жаваб кьун буго гIолиласс. ;alarilan $awab pun bugo folilaS. КIудияв чиясс гIолохъанчи нахъвуссинавун вуго. «ГIелмуялълъул бетIер гIакълу, гIакълуялълъул бетIер ссабру, ссабруялълъул бетIер пикру буго», – ян жаваб кьезегIан. judiyaw xiyaS folo]anxi na]wuSinawun wugo. «felmuya:ul beTer faqlu, faqluya:ul beTer Sabru, Sabruya:ul beTer _ikru bugo», - yan $awab pe#efan. 440. ГIемер бихьани, гIемер лъалеб, гIемер цIцIалани, дагьабги цIцIикIкIун лъалеб. femer bi%ani, femer ;aleb, femer ~alani, dahabgi ~iJun ;aleb. 441. ГIемер бицани цого жо чIалгIунеб, гIемер чIамуни ссакъисс бутIунеб. femer bicani cogo $o zalfuneb, femer zamuni SaqiS buTuneb. 442. ГIемер букIине ккани, гIемер хIалтIизеги кколев. femer bujine Kani, femer \alTi#egi Kolew. 443. ГIемер вачIани, гьобол чIалгIуна, гIемер чIамуни, ссакъисс бутIуна. femer wazani hobol zalfuna, femer zamuni SaqiS buTuna. 444. ГIемер велъани, велъаравгIан гIодизеги ккола. femer we;ani, we;arawfan fodi#egi Kola. 445. ГIемер гаргади гIарац батани, гаргадичIого чIчIей месед буго. femer fargadi farac batani, gargadizogo Zey mesed bugo. 446. ГIемер гаргадулел Аллагьассеги рокьуларел. femer gargadulel allahaSegi ropularel. 447. ГIемер гьеданищ – гьеб буго гьересси. femer hedani& - heb bugo hereSi. 448. ГIемер гьедарулесс гIемер гьерссал рицунел. femer hedaruleS femer herSal ricunel. 449. ГIемер гIодой къуларай балъго хъахIба ятула, кIал чалуххай чидар яс черхх цIунарай ятула. femer fodoy qularay ba;go ]a\ba yatula, jal xalu{ay xidar yas xer{ `unaray yatula. 450. ГIемер гIорцIцIизабуни катицца гIункIкI кколареб, цIакъго гогьдаризаруни лъималаз дунял гьабулареб. femer for~i#abuni katiCa funJ Kolareb, `aqgo gohdari#aruni ;imala# dunyal habulareb. 451. ГIемер жо лъанилан гIакъил вахъунарев. femer $o ;anilan faqil wa]unarew. 452. ГIемер кванани, гьоцIцIоги кьогIлъулеб. femer kwanani, ho~ogi pof;uleb. 453. ГIемер кванани кванил тIагIам хола, гIемер бицани рагIул магIна хола. femer kwanani kwanil Tafam [ola, femer bicani raful mafna [ola. 454. ГIемер кванани чехь унтулеб, гIемер гаргадани бетIер унтулеб. femer kwanani xe% untuleb, femer gargadani beTer untuleb. 455. ГIемер кванарассул квандасса хьул буссуна, гIемер гаргадулессдасса гIадамазул ракI буссуна. femer kwanaraSul kwandaSa %ul buSuna, femer gargaduleSdaSa fadama#ul raj buSuna. 456. ГIемер кванаялълъ кечI ахIиларо. femer kwanaya: kez a\ilaro. 457. ГIемер квер – кьарияб, цо квер – хIалакъаб. femer kwer - pariyab, co kwer - \alaqab. 458. ГIемер къвакъвадулеб къурщицца хоно гьабуларебила. femer qwaqwaduleb qur&iCa [ono habularebila. 459. ГIемер къвакъвадулелълъул ханал дагьал рукIуна. femer qwaqwadule:ul [anal dahal rujuna. 460. ГIемер кьвагьуге, ишан ккун кьвагье. femer pwahuge, i^an Kun pwahe. 461. ГIемер кIалъай гIарац батани, кIалъачIого чIчIей меседила. femer ja;ay farac batani, ja;azogo Zey mesedila. 462. ГIемер кIалъалессул хIалтIи дагьаб. femer ja;aleSul \alTi dahab. 463. ГIемер лълъадахъани, гIеретI бекула. femer :ada]ani, fereT bekula. 464. ГIемер лъай, дагь кIалъай. femer ;ay, dah ja;ay. 465. ГIемер лIухьун рукъ бацIцIалъулареб, рацIцIалъи цIунулеб гьечIони, гIемер чурун ретIел бацIцIалъулареб, бацIцIад цIунизе лъачIони. femer /u%un ruq ba~a;ulareb, ra~a;i `unuleb hezoni, femer xurun reTel ba~a;ulareb, ba~ad `uni#e ;azoni. 466. ГIемер мехх барассда гуребила лъалеб, гIемер бихьарассдайила. femer me{ baraSda gurebila ;aleb, femer bi%araSdayila. 467. ГIемер мехх барассда гIемераб лъалеб (дудасса цо къоялълъ кIудияссул цо къоялълъул гIакълу цIцIикIкIун букIунеб). femer me{ baraSda femerab ;aleb (dudaSa co qoya: judiyaSul co qoya:ul faqlu ~iJun bujuneb). 468. ГIемер мехх барассда гIемер лъала, дуниял бихьарассда дагьабги цIцIикIкIун лъала. femer me{ baraSda femer ;ala, duniyal bi%araSda dahabgi ~iJun ;ala. 469. ГIемер меххалълъ чIчIараб жоги – хIама, чIчIечIого вилълъаравги – гIабдал. femer me{a: Zarab $ogi - \ama, Zezogo wi:arawgi - fabdal. 470. ГIемер тIад тенкани, ганчIидаги гвенд лIугьуна. femer Tad tenkani, ganzidagi gwend /uhuna. 471. ГIемер чIчIейги цIцIар гуро, чIчIечIого вилълъинги рецц гуро. femer Zeygi ~ar guro, Zezogo wi:ingi reC guro. 472. ГIемераб беццараб роццаххун уна. femerab beCarab roCa{un una. 473. ГIемераб бокьарассе дагьабгицин щоларо. femerab boparaSe dahabgicin &olaro. 474. ГIемераб гIазу – гIемераб тIорщел. femerab fa#u - femerab Tor&el. 475. ГIемераб – гIорцIцIизегIан, дагьаб – тIагIинегIан. femerab - for~i#efan, dahab - Tafinefan. 476. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикIго лъай лълъикIабила. femerab $o kwe^go ;ayaldaSa conigi $o :ijgo ;ay :ijila. Цо къоялълъ хъаз къуркъбузул хIорихъе бачIун буго. Жидерго хIорде хъаз бачIин къуркъбузе рекIее гIун гьечIо. КIиялго къаццандизе, цоцазде рогьрал разе лIугьун руго. Хъаз чIухIун кIалъан буго - «Дида лълъедезеги лъала, ракъдассан билълъинеги лъала, гьаваялдассан боржинеги кIола…» co qoya: ]a# qurqbu#ul \ori]e bazun bugo. $idergo \orde ]a# bazin qurqbu#e rejeye fun hezo. jiyalgo qaCandi#e, coca#de rohral ra#e /uhun rugo. ]a# zu\un ja;an bugo - «dida :ede#egi ;ala, raqdaSan bi:inegi ;ala, hawayaldaSan bor$inegi jola...» Гьелълъ бицунебги гьоркьоб къотIизабун, цо къверкъалълъ гьелълъие жаваб кьун буго - «Дуда чан жо лъалеб батаниги, цонигияб рагIа-ракьанде щун лъаларо. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикI лъай лълъикIаб буго» he: bicunebgi horpob qoTi#abun, co qwerqa: he:iye $awab pun bugo - «duda xan $o ;aleb batanigi, conigiyab rafa-rapande &un ;alaro. femerab $o kwe^ ;ayaldaSa conigi $o :ij ;ay :ijab bugo» 477. ГIемераб зигардиялдасса дагьаб жигар лълъикIаб. femerab #igardiyaldaSa dahab $igar :ijab. 478. ГIемераб кванани, гьоцIцIоги загьрулъулебила. femerab kwanani, ho~ogi #ahru;ulebila. 479. ГIемераб рахIаталдасса рагIулареб хIалтIи лълъикIаб. femerab ra\ataldaSa rafulareb \alTu :ijab. 480. ГIемераб рокъоб лълъикIаб, рекъараб ургьиб лълъикIаб. femerab roqob :ijab, reqarab urhib :ijab. 481. ГIемераб цIцIад бани ххер лълъикI бижула, гIемер кIалъанани калам хола. femerab ~ad bani {er :ij bi$ula, femer ja;anani kalam [ola. 482. ГIемер бицардана – дагьаб бичIчIана. femer bicardana - dahab biZana. 483. ГIемерав бицардани, гIемерав мекъи ккола. femeraw bicardani, femeraw meqi Kola. 486. ГIемерав вегиялълъ габур гьетIарав, гIемерав кьижиялълъ рукьби унтарав. femeraw wegiya: gabur heTaraw, femeraw pi$iya: rupbi untaraw. 487. ГIемерал санал рарассда гуребила лъалеб, гIемераб бихьарассдайила. femeral sanal raraSda gurebila ;aleb, femerab bi%araSdayila. 488. ГIемерги гаргадуге, мунго гIантав гьечIолъиги лъазабичIогоги тоге. femergi gargaduge, mungo fantaw hezo;igi ;a#abizogogi toge. 489. ГIемерго бакъваги гьабуге, бакъалда балеб хIалалълъ лълъамаги гьабуге. femergo baqwagi habuge, baqalda baleb \ala: :amagi habuge. 490. ГIемерго веццулев вугони, гьелда нахъа бугеб гъвацилги хIисаб гьабейила. femergo weCulew wugoni, helda na]a bugeb vwacilgi \isab habeyila. 491. ГIемерго къвакъвадани, цо балагьалде ккола. femergo qwaqwadani, co balahalde Kola. 492. ГIемерго къвакIани, къвакIан бекула. femergo qwajani, qwajan bekula. 493. ГIемерго къваригIани, къатIраги щолареб. femergo qwarifani, qaTragi &olareb. 494. ГIемерго нечарав бихьинчиги лълъикIав вукIунарев, нич бахъарай чIчIужугIаданги лълъикIай йикIунарей. femergo nexaraw bi%inxigi :ijaw wujunarew, nix ba]aray Zu$ufadangi :ijay yijunarey. 495. ГIемерго пударун, бакъул ххинлъи хвезабуге. femergo _udari, baqul {in;i [we#abuge. 496. ГIемерго сихIирлъиги хIалихьалъийила. femergo si\ir;igi \ali%a;iyila. 497. ГIемерго ххиралъиялълъ катицца тIинчI кванарабила. femergo {ira;iya: katiCa Tinz kwanarabila. 498. ГIемерго хIалимлъиги хIалихьалъийила. femergo \alim;igi \ali%a;iyila. 499. ГIемериссеб балагь – мацIцIалълъул балагь. femeriSeb balah - ma~a:ul balah. 500. ГIемериссел мунагьал мацIцIалдалъун рукIунел. femeriSel munahal ma~alda;un rujunel. 501. ГIемерлъани меседилги къимат холебила. femer;ani mesedilgi qimat [olebila. 502. ГIенеккулезухъ балагьун бице, бицаралълъухъ балагьун борце. feneKule#u] balahun bice, bicara:u] balahun borce. 503. ГIенеккун чIчIейги жавабила. feneKun Zeygi $awabila. 504. ГIергIедулеб басиялълъ рохьдой хIалхьи толаро, кIалдисса хъачIав чиясс жамагIатги квегъула. ferfeduleb basiya: ro%doy \al%i tolaro, jaldiSa ]azaw xiyaS $amafatgi kwevula. 505. ГIерещмухIумил гьобо гIадин ссвакан бугила. fere&mu\umil hobo fadin Swakan bugila. 506. ГIетI баккичIеб бетIер батIаргьиналълъ къазе кколеб. feT baKizeb beTer baTarhina: qa#e Koleb. 507. ГIетI баккулел кверазда нах бахинчIого ххутIулареб. feT baKulel kwera#da na[ ba[inzogo {uTuleb. 508. ГIетIуцца ссвак бахъулеб, ссапнацца гъиз бахъулеб. feTuCa Swak ba]uleb, Sa_naCa vi# ba]uleb. 509. ГIечугъотIодасса цIулакьо чIвалареб. fexuvoTodaSa `ulapo zwalareb. 510. ГIеч квани – гага, гени квани – гIоркь. fex kwani - gaga, geni kwani - forp. 511. ГIечудасса Хважа гIадин вуссанила. fexudaSa [wa$a fadin wuSanila. 512. ГIи бугев чийилан, чияссе ратIа кьечIев, чанаве ун, чияда маза гьанал бихьичIев. fi bugew xiyilan, xiyaSe raTa pezew, xanawe un, xiyada ma#a hanal bi%izew. 513. ГIи бугони – чаландар, чу бугони – багьадур. fi bugoni - xalandar, xu bugoni - bahadur. 514. ГIи гьабилалде гIиял хьон гьабе (ГIиял хьон – ххер, ххарил хьон – беэнлъи). fi habilalde fiyal %on (fiyal %on - {er, {aril %on - been;i). 515. ГIи гьечIеб бечелъиги бечелъи гуро, тIеренаб хьвацIцIил чаранлъиги чаранлъи гуро. fi hezeb bexe;igi bexe;i guro, Terenab %wa~il xaran;igi xaran;i guro. 516. ГIи гьечIессул гьан дагьаб, хIама гьечIессул цIул дагьаб. fi hezeSul han dahab, \ama hezeSul `ul dahab. 517. ГIи кьаралъи – вехьассул гьунар, гIака кьаралъи – чIчIужуялълъул гьунар. fi para;i - we%aSul hunar, faka para;i - Zu$uya:ul hunar. 518. ГIи мискинасс хьихьулеб, гьан бечедасс кваналеб. fi miskinaS %i%uleb, han bexedaS kwanaleb. 519. ГIи тIуридалила гIангис тIурулеб (Радал гIи тIурулеб, гIангис къаденахъе тIурулеб). fi Turidalila fangis Turuleb (radal fi Turuleb, fangis qadena]e Turuleb). 520. ГIи хьихьичIесс хьолбол гьан кунареб. fi %i%izeS %olbol han kunareb. 521. ГIи цIунизе бацI тоге, яс цIунизе вас тоге. fi `uni#e ba` toge, yas `uni#e was toge. 522. ГIи цIунизе бацI тарав. fi `uni#e ba` taraw. 523. ГIи чохьоцца гъурула, базар гъараялълъ уна, на гьороцца босула, гьабал ихицца уна. Хур босе! Хур босе! (Гьидерил кици). fi xo%oCa vurula, ba#ar varaya: una, na horoCa bosula, habal i[iCa una. [ur bose! [ur bose! (hideril kici). 524. ГIибрат босун хIалтIарав хIалтIулI нахъа кколаро, гIумруялълъул нух лъарав нахъа пашманлъуларо. fibrat bosun \alTaraw \alTu/ na]a Kolaro, fumruya:ul nu[ ;araw na]a _a^man;ularo. 525. ГIигIлу – гIадамассул, къадар – Аллагьассул. fiflu - fadamaSul, qadar - allahaSul. 526. ГIила гьечIеб жо гьечIеб, гIайиб гьечIев чи гьечIев. fila hezeb $o hezeb, fayib hezew xi hezew. 527. ГIила гьечIого барщарав, мухь кьечIого рекъолевила. fila hezogo bar&araw, mu% pezogo reqolewila. 528. ГIила гьечIого гIемер велъулев чи – черххалълъул цо чIил камурав чи. fila hezogo femer we;ulew xi - xer{a:ul co zil kamuraw xi. 529. ГIин тIаме, битIаралда гурони божуге. fin Tame, biTaralda guroni bo$uge. 530. ГIин цIуне къваригIел гьечIеб рагIиялдасса, бер цIуне къваригIел гьечIеб жоялдасса (къваригIел гьечIеб рагIугеги, ссурукъаб бихьугеги). fin `une qwarifel hezeb rafiyaldaSa, ber `une qwarifel hezeb $oyaldaSa (qwarifel hezeb rafugegi, Suruqab bi%ugegi). 531. ГIиналдасса бер ццебессеб. finaldaSa ber CebeSeb. 532. ГIинкъав беццассда баххиллъулевила, беццав гIинкъассда баххиллъулевила. finqaw beCaSda ba{il;ulewila, beCaw finqaSda ba{il;ulewila. 533. ГIинкъав нечоларев, беццав хIинкъуларев. finqaw nexolarew, beCaw \inqularew. 534. ГIинкъав чияссе кIицIцIул как ахIулареб. finqaw xiyaSe ji~ul kak a\ulareb. 535. ГIинкъай бахIарай гIадин. finqay ba\aray fadin. БахIаралда рагIулеб букIун гьечIо асскIор ругез бицунеб жо. Гьелълъ асскIой йигей гьудулалада гьарун буго, цогидал релъулеб меххалълъ, жиндаги тункейилан. Гьудул, цо рахъалде юссунаго, бахIаралда дагьайго хъван йиго, бахIаралълъги гьабун буго цо кIудияб релъи. ba\aralda rafulareb bujun hezo aSjor ruge# bicuneb $o. he: aSjoy yigey hudulalda harun bugo, cogidal re;uleb me{a:, $indagi tunkeyila. hudul, co ra]alde yuSunago, ba\aralda dahaygo ]wan yigo, ba\ara:gi habun bugo co judiyab re;i. 536. ГIинкъаллъун жанире айила, беццаллъун къватIире лIугьайила. finqal;un $anire ayila, beCal;un qwaTire /uhayila. 537. ГIинкъассда вихьизе чIчIоге, беццассухъе кквезе чIчIоге. finqaSda wi%i#e Zoge, beCaSu]e Kwe#e Zoge. 538. ГIинкъассда щуруге, беццассде къинкIуге. finqaSda &uruge, beCaSde qinjuge. 539. ГIинтIи квараб меххалълъ буртIал гIадин. finTi kwarab me{a: burTal fadin. 540. ГIинтIи кварасс бакI-бакI хъассизе кколебила, ургъичIого кIалъарасс бакI-бакIги бетIерги хъассизе кколебила. finTi kwaraS baj-baj ]aSi#e Kolebila, urvizigo ja;araS baj-bajgi beTergi ]aSi#e Kolebila. 541. ГIинтIизе ццевеги кIанцIуге, речIчIизе нахъаги чIчIоге. finTi#e Cewegi jan`uge, reZi#e na]agi Zoge. 542. ГIисси-бикъинал накIкIал бакъуцца кунел, дагьа-макъаб унти кваницца унеб. fiSi-biqinal naJal baquCa kunel, daha-maqab unti kwaniCa uneb. 543. ГIиссинал чIинххазулги кIудияб гохI лIугьунеб. fiCinal zin{a#ulgi judiyab go\ /uhuneb. 544. ГIиссинккун тIинкIулебги лълъим лъарахъе щолебила. fiCinKun Tinjulebila :im ;ara]e &olebila. 545. ГIиссинлъималазул лъелав ццевехъан. fiCin;imala#ul ;elaw Cewe]an. 546. ГIишкъуе чIалгIен гьечIеб, балаялълъе ссвак гьечIеб. fi^quye zalfen hezeb, balaya:e Swak hezeb. 547. ГIиядеги инаро, чуриги чIчIикIиларо. fiyadegi inaro, xurigi Zijilaro. 548. ГIияе бокьухъе бацI хвеларо. fiyaye bopu]e ba` [welaro. 549. ГIи къинлъиялдаги хурул хьоналдаги ххадув чи гъоларев. fi qin;iyaldagi [urul %onaldagi {aduw xi volarew. 550. ГIиял рехъеналълъе цо бацIги гIемераб. fiyal re]ena:e co ba`gi femerab. 551. ГIиялI цIцIелъуналдасса цIцIаналI дегIенлъунго лълъикI. fiya/ ~e;unaldaSa ~ana/ defen;ungo :ij. 552. ГIодизе ккедал – йоххарай, йоххизе ккедал – гIодарай. fodi#e Kedal - yo{aray, yo{i#e Kedal - fodaray. 553. ГIодичIони лъимадуе керен кьолареб. fodizoni ;imaduye keren polareb. 554. ГIодоб батани катан кьолев, куй къинлъани кьегIер кьолев. fodob batani katan polew, kuy qin;ani pefer polew. 555. ГIодоб лъезе тIину гуреб, кодобе босизе гIоркь гуреб. fodob ;e#e Tinu gureb, kodobe bosi#e forp gureb. 556. ГIодоб ракь босарасс тIад битIун зобги босулеб. fodob rap bosaraS Tad biTun #obgi bosuleb. 557. ГIодоб – турут, таххида – маххмар. fodob - turut, ta{ida - ma{mar. 558. ГIодобакI – бечедаб жо. fodobaj - bexedab $o. 559. ГIодобе биччараб накIкIил кьерхен ххалатаб. fodobe biXarab naJil per[en {alatab. 560. ГIодобе реххараб жоялълъе кодобе босулев чи камуларевила. fodobe re{arab $oya:e kodobe bosulew xi kamularewila. 561. ГIодобе реххуге, гIодосса босе. fodobe re{uge, fodoSa bose. 562. ГIодобе туни – мегеж, эххеде туни – михъал. fodobe tuni - mege$, e{ede tuni - mi]al. 563. ГIодобе тIураб лълъим тIад буссунареб. fodobe Turab :im Tad buSunareb. 564. ГIодов – гIадатав, чотIа – аздагьо (ХIажимурадил хIакъалълъулI). fodow - fadataw, xoTa - a#daho (\a$imuradil \aqa:u/). 565. ГIодов чIчIолелълъул къулиялълъухъ ралагье, тIаде вахъунелълъул ворххиялълъухъ ралагье. fodow Zole:ul quliya:u] ralahe, Tade wa]une:ul wor{iya:u] ralahe. 566. ГIодов чIчIун вукIинегIан чIобого хIалтIулев вукIинги лълъикIаб. fodow Zun wujinefan zobogo \alTulew wujingi :ijab. 567. ГIодове валагьичIого векерарассул квергIаги гIодоб чIвала. fodowe walahizogo wekeraraSul kwerfagi fodob zwala. 568. ГIодове виччан вилълъа, унелълъуве щвезе, ххеххлъичIого кIалъай, мекъсса ккунгутIизе. fodowe wiXan wi:a, une:uwe &we#e, {e{;izogo ja;ay, meqSa KunguTi#e. 569. ГIодове виччан вилълъарасс нух гIемер толеб. fodowe wiXan wi:araS nu[ femer toleb. 570. ГIодой йикIун тIала гурей, тIаде яхъун мерго гурей. fodoy yijun Tala gurey, Tade ya]un mergo gurey. 571. ГIодой чIчIани квенчIчIел цIурай, тIаде яхъани бащдаб щущарай. fodoy Zani kwenZel `uray, Tade ya]ani ba&dab &u&aray. 572. ГIодор ккун, тIаде рахъунила кIудиял гIолел, гъалатIал гьарулагойила гIакълуялде щолел. fodor Kun Tade ra]unila judiyal folel, valaTal harulagoyila faqluyalde &olel. 573. ГIодорчIчIей хIалхьияб жо бугоанила, гIодор чIчIарабгIан меххалълъ рахъун чIчIезе кколарелани. fodorZey \al%iyab $o bugoanila, fodor Zarabfan me{a: ra]un Ze#e Kolarelani. 574. ГIодоре риччан гьабураб хIалтIи лIугIулеб, цо хIохьолI, цо каралълъ чIван гьабураб ххутIулеб. fodore riXan haburab \alTi /ufuleb, co \o%o/, co kara: zwan haburab {uTuleb. 574. ГIодосса кибего унарин, цин туртидасса кванаян абулебила бакъалда бараб ролI кваназе рачIарал тIанчIазда къадкицца. fodoSa kibego unarin, cin turtidaSa kwanayan abulebila baqalda barab ro/ kwana#e razaral Tanza#da qadkiCa. 576. ГIодоссан зваргъи рагIарав, зодоссан дваргъи рагIарав. fodoSan #warvi rafaraw, #odoSan dwarvi rafaraw. 577. ГIодоссан регьел кьун тIегь баккуларо, тIассан бакъуццаги ххинлъи кьечIони. fodoSan rehel pun Teh baKularo, TaSan baquCagi {in;i pezoni. 578. ГIодулаго аниги ине ккола Гула гвандинибе, квен босун гIагIадулаго аниги ине ккола. fodulago anigi ine Kola gula gwandinibe, kwen bosun fafadulago anigi ine Kola. ХIажимурад гIурусазул рахъалде араб меххалълъ Шамилицца гьессул хъизан тусснахъалда жаний тIамун йиго. КIодоэбелалълъ ХIажимурадил гьитIинав вас Гула гвандинир тIамуразе квен босун витIулев вукIун вуго. Гула гьениве унаго цин гIодулев вукIун вуго, нахъеги жинццаго жиндиего гьадаб кицилъун ккараб гIакълуги кьун вуцIцIунев вукIун вуго. Жакъа гьаб кици хIалтIизабула, бокьаниги бокьичIониги, тIадаб иш тIубазабизе кколилан абураб магIнаялда. \a$imurad furusa#ul ra]alde arab me{a: ^amiliCa heSul ]i#an tuSna]alda $aniy Tamun yigo. jodoebela: \a$imuradil hiTinaw wac gula gwandinir Tamura#e kwen bosun wiTulew wujun wugo. gula heniwe unago cin fodulew wujun wugo, na]egi $inCago $indiyego hadab kici;un Karab faqlugi pun wu~unew wujun wugo. $aqa hab kici \alTi#abula, bopanigi bopizonigi, Tadab i^ Tuba#abi#e Kolilan aburab mafnayalda. 579. ГIодулареб бералдассаги цIунаги, гIорцIцIулареб чехьалдассаги цIунаги. fodulareb beraldaSagi `unagi, for~ulareb xe%aldaSagi `unagi. 580. ГIодун бахъараб хъала бихьичIо, гьардон щвараб гьунар бихьичIо. fodun ba]arab ]ala bi%izo, hardon &warab hunar bi%izo. 581. ГIодун - руцIцIунила лъимал гIолел. fodun - ru~unila ;imal folel. 582. ГIолохъанаб меххалълъ хIамаги берцинаб. folo]anab me{a: \amagi bercinab. 583. ГIолохъанго бахъинчIони чодул нухда хIур херлъараб меххалълъ бахъунаребила. folo]ango ba]inzoni xodul nu[da \ur [er;arab me{a: ba]unarebila. 584. ГIолохъанлъи мудалълъ кьолеб букIараб батани, херлъи ссахIицца кьолеб буго. folo]an;i muda: poleb bujarab batani, [er;i Sa\iCa poleb bugo. 585. ГIолохъанлъиялълъул рахIат босарав херлъидал зигардулев. folo]an;iya:ul ra\at bosaraw [er;idal #igardulew. 586. ГIолохъанлъуда лъачIеб рокьи щай, вакъидал щвечIеб квен щай? folo]an;uda ;azeb ropi &ay, waqidal &wezeb kwen &ay? 587. ГIолохъанчи диццаги рехханин, херав чиясс дунги рехханилан абурабила нухалълъ. folo]an;i diCagi re{anin, [eraw xiyaS dungi re{anilan aburabila nu[a:. 588. ГIолохъанчи нухалълъ чIвалевила, херав чиясс нух чIвалебила. folo]anxi nu[a: zwalewila, [eraw xiyaS nu[ zwalebila. 589. ГIолохъанчияссул кутак бергьараб, херав чияссул маххщел бергьараб. folo]anxiyaSul kutak berharab, [eraw xiyaSul ma{&el berharab. 590. ГIолохъанчияссул ракI – заз гIадаб жо. folo]anxiyaSul raj - #a# fadab $o. 591. ГIондокь кьиндал хисулеб, кьерагъо къойил хисулеб. fondop pindal [isuleb, peravo qoyil [isuleb. 592. ГIонкIкIода данде кетолъун вукIа, бацIида данде гъалбацIлъун вукIа. fonJoda dande keto;un wuja, ba`ida dande valba`;un wuja. 593. ГIонкIкIодассан ккараб тIинчIалълъ къвачIа букъичIого толареб. fonJodaSan Karab Tinza: qwaza buqizogo tolareb. 594. ГIонкIкIое кетоги гъалбацIила. fonJoye ketogi valba`ila. 595. ГIонкIкIол кето гьабуге, катил гъалбацI гьабуге. fonJol keto habuge, katil valba` habuge. 596. ГIонкIкIотIинчIалълъ къвачIа букъула, хъурмил тIинчIалълъ кьегIер чIвала. fonJoTinza: qwaza buqula, ]urmil Tinza: pefer zwala. 597. ГIонкIкIолаб гьабурассе катилаб гьабе. fonJolab haburaSe katilab habe. 598. ГIонкIкIолги букIунеб жиндаго рекъараб цIуна-къай, гIанххрилги букIунеб жиндаго рекъараб рукъалълъул низам. fonJolgi bujuneb $indago reqarab `una-qay, fan{rilgi bujuneb $indago reqarab ruqa:ul ni#am. 599. ГIонкIкIоцца букъун къвачIа тIагIинаро. fonJoCa buqun qwaza Tafinaro. 600. ГIонкIкIоцца инкар ккун кето чIчIоларо, квегIенлъи ккарабго тIад речIчIичIого. fonJoCa inkar Kun keto Zolaro, kwefen;i Karabgo Tad reZizogo. 601. ГIор бахун ххадуб кьо щай? for ba[un {adub po &ay? 602. ГIор бахунеб меххалълъ гурони, чIчIегIерабги хъахIабги нахъияб рахъ лъалареб. for ba[uneb me{a: guroni, Zeferabgi ]a\abgi na]iyab ra] ;alareb. 603. ГIор кьодухъе буссуна, чу кьолокье буссуна. for podu]e buSuna, xu polope buSuna. 604. ГIор кIодолъизейилан кIващ биччалареб. for jodo;i#eyilan jwa& biXalareb. 605. ГIор ххалалъухъе кьо балареб. for {ala;u]e po balareb. 606. ГIор щун букIаго, цIул бахъе. for &un bujago, `ul ba]e. 607. ГIорал ралъдахъе уна, гьерссал гьороцца уна. foral ra;da]e una, herSal horoCa una. 608. ГIоралдасса хоно тIокIлъаниги, гIемерал ругилан эбел-инссуе лъимал тIокIлъуларел. foraldaSa [ono Toj;anigi, femeral rugilan ebel-inSuye ;imal Toj;ularel. 609. ГIоралълъ восун унесс хIотол нихьваялдеги квер ххапулеб. fora: wosun uneS \otol ni%wayaldegi kwer {a_uleb. 610. ГIорго бихьилалде хьитал рахъуге (гIорго бихьилалде хьитал рахъарай). forgo bi%ilalde %ital ra]uge (forgo bi%ilalde %ital ra]aray). 611. ГIоркь-рачIчI гьечIеб рагIи бицун, мунго учуз гьавуге, дурго гIайибалги раххчун, чиядеги бугъуге. forp-raZ hezeb rafi bicun, mungo uxu# hawuge, durgo fayibalgi ra{xun, xiyadegi buvuge. 612. ГIоркь-рачIчI гьечIел рагIаби гIадамалълъе росуге. forp-raZ hezel rafabi fadama:e rosuge. 613. ГIоркьилав рокъов цIакъав, бахIарчи кьалда цIакъав. forpilaw roqow `aqaw, ba\arxi palda `aqaw. 614. ГIорхъолIа борчIараб бечелъи – баччизе захIматаб гьир. for]o/a borzarab bexe;i - baXi#e #a\matab hir. 615. ГIорцIцIараб къоялълъ михъал кIичIун, нахъиссеб къоялълъ михъал далун, нахърател букIунареб. for~arab qoya: mi]al jizun, na]iSeb qoya: mi]al dalun, na]ratel bujunareb. 616. ГIорцIцIараб рокъоб бакъараб кето. for~arab roqob baqarab keto. 617. ГIорцIцIарав гIеркъолевила, вакъарав семулевила. for~araw ferqolewila, waqaraw semulewila. 618. ГIорцIцIаразул ракI гъезе годекIанире унге. for~ara#ul raj ve#e godejanire unge. 619. ГIорцIцIарал бубудула, ракъарал мимидула. for~aral bubudula, raqaral mimidula. 620. ГIорцIцIарассда вакъарав лъаларев, ххинлъарассда вугьарав лъаларев. for~araSda waqaraw ;alarew, {in;araSda wuharaw ;alarew. 621. ГIорцIцIарассеялдасса вакъарассе кумек гьабизе бигьаябила. for~araSeyaldaSa waqaraSe kumek habi#e bihabila. 622. ГIорцIцIиялълъул макруялдассаги цIунаги, ракъиялълъул балагьалдассаги цIунаги. for~iya:ul makruyaldaSagi `unagi, raqiya:ul balahaldaSagi `unagi. 623. ГIорцIмада эмен цIеххедал, эбел гIала кколилан абурабила. for`mada emen `e{edal, ebel fala Kolilan aburabila. 624. ГIорцIцIул балагь ракъул балагьалдасса кIудияб. for~ul balah raqul balahaldaSa judiyab. 625. ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан бакъун эркенлъиялдаго лълъикIила. for~un lav;iyalda bujinefan baqun erken;iyalda :ijila. Кваназе жо балагьизе бачIунеб бацIида гьой данделъанила. - Дур кьаралъиго щиб? ЛълъиццагIаги мун гьеб хIалалълъ хьихьулеб? – ан гьикъанила бацIицца. - Рукъ-бакI цIунаралълъухъ бетIергьанасс хьихьула, – ян абунила гьойцца. Жинццаги цIунилаанин рукъ-бакI, кваназе жо кьолеб батаниян абунила бацIицца. Разилъанила гьой бацI росулIе бачине. Гьой ццебе-ццебе букIанила, бацI ххадуб букIанила. БацIицца гьойда гьикъанила гьеб дур габуралълъе лIугьараб жо щибилан. Раххссицца хIулизабун бугилан абунила гьойцца. - Гьедин батани, билълъинаро дун дуда цадахъ! ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан, бакъун эркенлъиялдаго бокьила! Гьединги абун, бацI рохьобеххун балагьун анила. kwana#e $o balahi#e bazuneb ba`ida hoy dande;anila. - dur para;igo &ib? :iCafagi mun heb \ala: %i%uleb? - an hiqanila ba`iCa. - ruq-baj `unara:u] beTerhanaS %i%ula, - yan abunila hoyCa. $inCagi `unilaanin ruq-baj, kwana#e $o poleb bataniyan abunila ba`iCa. ra#i;anila hoy ba` rosu/e baxine. hoy Cebe-Cebe bujanila, ba` {adub bujanila. ba`iCa hoyda hiqanila heb dur gabura:e /uharab $o &ibilan. ra{SiCa \uli#abun bugilan abunila hoyCa. - hedin batani, bi:inaro dun duda cada]! for~un lav;iyalda bujinefan, baqun erken;iyalda bopila. hedingi abun, ba` ro%obe{un balahun anila. 626. ГIорцIцIун ххадуб квараб – шайтIаналълъейила. for~un {adub kwarab - ^ayTana:eyila. 627. ГIочIотIа чIван, чIалитIа ххун. fozoTa zwan, zaliTa {un. 628. ГIощтIода рекъарабила гIоркьги букIунеб. fo&Toda reqarabila forpgi bujuneb. 629. ГIощтIода ххадуб гIоркь реххуге. fo&Toda {adub forp re{uge. 630. ГIощтIое рохь гурев, рохьдое мегIер гурев. fo&Toye ro% gurew, ro%doye mefer gurew. 631. ГIощтIолгун кьал ахIун, гIоркьгун рекъоге. fo&Tolgun pal a\un, forpgun reqoge. 632. ГIужда квегъичIеб барти квегъуд буссунаро, гIужда хIалтIичIел кверал нахъа ругьунлъуларо. fu$da kwevizeb barti kwevud buSunaro, fu$da \alTizel kweral na]a ruhun;alaro. 633. ГIужда чIор гIабдалассухъаги щвезе бегьулеб. fu$da zor fabdalaSu]agi &we#e behuleb. 634. ГIужилав чанахъанассул гула алххунаро, гIакъилав чияссул рагIи гIодоб ххутIуларо. fu$ilaw xana]anaSul gula alqunaro, xiyaSul xiyaSul rafi fodob {uTularo. 635. ГIужрукъалълъ тIанчIазда абулебила, нуж бищунго хIеренал, хIули гIадал тамахал. fu$ruqa: Tanza#da abulebila, nu$ bi&ungo \erenal, \uli fadal tama[al. 636. ГIужрукъалълъул багьа цIакихъ кьоге, гIадамассе къимат ратIлихъ кьоге. fu$ruqa:ul baha `aki] poge, fadamaSe qimat raTli] poge. 637. ГIумру бугила гIурччинаб ххер гIадаб жо, балагьалдасса ххвассарлъаниги, ххарицелалдасса борчIулареб. fumru bugila furXinab {er fadab $o, balahaldaSa {waSar;anigi, {aricelaldaSa borzulareb. 638. ГIумру кьурасс хвелги кьолебила. fumru puraS [welgi polebila. 639. ГIумруги бихьарав, бихьанщинабги хIехьарассул гурони, чIара-хьараб гIамал-ххассият букIунареб. fumrugi bi%araw, bi%an&inabgi \e%araSul guroni, zara-%arab famal-{aSiyat bujunareb. 640. ГIумруги талихIила, хвелги талихIила. fumrugi tali\ila, [welgi tali\ila. 641. ГIумруялда рекъарабила хвел букIунеб. fumruyalda reqarabila [wel bujuneb. 642. ГIумруялълъул аххир къанда хIарщ речIчIидал лъала. fumruya:ul a{ir qanda \ar& reZidal ;ala. 643. ГIун бачIунеб гIелалълъ тараб цIцIали – гIун бачIунеб гъотIода бараб хIапаро. fun bazuneb fela: tarab ~ali - fun bazuneb voToda barab \a_aro. 644. ГIунараб катицца гIорчо кIудияб хъамулеб (ГIунараб катицца гьорчо кIудияб биччалеб). funarab katiCa forxo judiyab ]amuleb (funarab katiCa horxo judiyab biXaleb). 645. ГIунарассул лъорове вугьарав лIугьаравила. funaraSul ;orowe wuharaw /uharawila. 646. ГIундул рихьун – хIама, рачIчI бихьун – дегIен. fundul ri%un - \ama, raZ bi%un - defen. 647. ГIункIкI бечIчIулев, кIкIара чIунтIулев (ГIункIкIбечIчI, кIкIарачIунтI). funJ beZulew, Jara zunTulew (funJbeZ, JarazunT). 648. ГIункIкI кIурщунилан лъар хъублъулареб. funJ jur&unilan ;ar ]ub;ulareb. 649. ГIункIкIаз гIащтIи букъи – багьана. funJa# fa&Ti buqi - bahana. 650. ГIункIкI кквезегIан, кетоги беццуге, цер кквезегIан, бахIриги беццуге. funJ Kwe#efan, ketogi beCuge, cer Kwe#efan, ba\rigi beCuge. 651. ГIункIкI – цагъринибе, цер – авлахъалде. funJ - cavrinibe, cer - awla]alde. 652. ГIункIкIги кетоги рекъани, бакъал тукен ххараблъула. funJgi ketogi reqani, baqal tuken {arab;ula. 653. ГIурав васасс корол хIамул рухъулел. furaw wasaS korol \amul ru]ulel. 654. ГIурай яс гIодизе бачIараб бацIие кье. furay yas fodi#e bazarab ba`iye pe. 655. ГIурай яс рокъой йигони, нусалълъе рахIат толареб. furay yas roqoy yigoni, nusa:e ra\at tolareb. 656. ГIурай яцц рокъой йигони, ваццассда вегун макьу щолареб. furay yaC roqoy yigoni, waCaSda wegun mapu &olareb. 657. ГIурассдасса воххуларев, хварассухъ гIодуларев. furaSdaSa wo{ularew, [waraSu] fodularew. 658. ГIурда хIал гьабуге, хурда дагь гьабуге (ГIуру гIемер суге, хур дагьаб бекьун тоге). furda \al habuge, [urda dah habuge (furu femer suge, [ur dahab bepun toge). 659. ГIурул ханазул гьабун къед чIчIолареб. furul [ana#ul habun qed Zolareb. 660. ГIурул хъуй тIагIаниги, гьекъолдухъанассул рокъоб питна тIагIунареб. furul ]uy Tafanigi, heqoldu]anaSul roqob _itna Tafunareb. 661. ГIурул хIари гIуруцца уна, лъарал хIари лъарацца уна. furul \ari furuCa una, ;aral \ari ;araCa una. 662. ГIурул чваххи хисаниги, чияссул гIамал хисуларебила. furul xwa{i [isanigi, xiyaSul famal [isularebila. 663. ГIурулI вукIун лълъим щоларев, лъаргIив вукIун ххер щоларев. furu/ wujun :im &olarew, ;arfiw wujun {er &olarew. 664. ГIуруцца лъарал гьаракь къотIизарурал къоял рачIунгеги, къоязул сардал гьарурал сонал рачIунгеги. furuCa ;aral harap qoTi#arural qoyal razungegi, qoya#ul sardal harural sonal razungegi. 665. ГIурхъиги аххирги ссундулго букIунебила. fur]igi a{irgi Sundulgo bujunebila. 666. ГIурччингобарщ. furXingobar&. 667. ГIурччинлъи савуялълъ бухIула, гIадан рекIел гьаваялълъ вухIула. furXin;i sawuya: bu\ula, fadan rejel hawaya: wu\ula. 668. ГIусазда хIал букIаго бекейила гьоло. fusa#da \al bujago bekeyila holo. 669. ГIусал рикIунилан чехь гIорцIцIулареб. fusal rijunilan xe% for~ulareb. 670. ГIухьби гIемераб гIи бацIицца гъурулеб. fu%bi femerab fi ba`iCa vuruleb. 671. ГIухьби гIемерлъанагIан гIи дагьлъулеб. fu%bi femer;anafan fi dah;uleb.
- ch | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
О o Оборай елъулейила, хъахIба гIодулейила. Огь! – ан абизе ккараб къо бачIунгеги. Огь, бочIораб «ворчIами», чи вихьун, гаргадулеб; огь, бочIораб «ворчIами», чи вихьун, буцIцIун чIчIолеб. Огь, гъарим цого чахъу, чундузул болIе ккараб, Чабххил лълъим гьекъечIого, зумзумилан къеркьолеб. Огь, мун хваяв херав чи, гъассда рукIел ссурарав; Огь, мун хваяв херав чи, хIарччда кванай ссурарав; Огь, мун хваяв херав чи, босноб регел ссурарав! (Херал чагIаз, херлъиялълъул квешлъи бицун, абулел рагIаби). Огь, мун чIунтугеяб ГIандимегIер, тIагъургIанаб накIкI лъуниги, зобго цIураб цIцIад балеб. Огь, баркаман БергъубакI, пирпилаго цIа бакулеб, цIадабе реххун, пер бежулеб! Огь, эбелалълъул ракI, эбелалълъул ракI! Огьогьоялълъ гьорчIо кколаребила. Ордекалълъул тIанчIида хханинибго лъалебила лълъим. Охолисса бекьичIеб ххаслихъе бачIунареб (лъилъулареб). Охолисса гьабичIеб ххаслихъе батулареб. Охолисса карщ лълъама, ххаслихъе ххинкIал чIахIа. Оц бикъидал, къоно тIамурав, къотIнове лIугьиндал, хьитал рукъарав. Оц бикъун ххадуб тIамураб къанил пайда щиб? Оц бихьун, рихьи бай, басиялда гIурдул рай. Оц гьекъон бахъинегIанассеб заманалълъ лъалареб жо гьабизегIан, сордо-къоялълъ лъалеб жо гьабизе бигьаябила. Оц гьечIев хIаликъав, хIама гьечIев рилълъакъав. Оц гьечIессул рекьи хIалакъаб. Оц гьечIессул хур кIудияб, хIама гьечIессул гьир кIудияб. Оц гьечIессул хIалтIи бакIаб, хIама гьечIессул гьир бакIаб. Оц гьечIессухъе оцги биччаге, хIама гьечIессухъе хIамаги биччаге. Оц гIуниги – бече. Оц гIуниги – гIолохъан, гIала гIуниги – тагьи. Оц гIураб меххалълъ, гIинтIизеги ккогеги, гIолохъанчи гIураб меххалълъ, гIакълу малълъизеги ккогеги. Оц кьун, барщизарула, хIелеко кьун, рекъезаруларо (Шагьи кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре). Оц кьурул рагIалде къайгун, хIамида ургъел чIвалеб. Оц кIанцIизе кватIани, гIака кIанцIулеб. Оц лIугьунеб жо бачидаго лъалебила. Оц лIугьунеб жоялълъул лIар бегIераб букIуна. Оц мацIцI лъалесс бикъун батаги. ВуцIцIун чIчIарав чияссул цIцIогь тIатIинчIого ххутIизеги бегьула, гIемерни чвархъолев кIалачол балъголъи тIатинчIого, къватIибе реххичIого ххутIуларо. Гьединлъидал абула цIцIогьорассул хIакъалълъулI гьал рагIаби. Гьалълъулго абулеб куц ккола: «МацIцI лъаларев цIцIогьор хваги, цIцIар лъаларев тушман хваги», – ян абурабги. (ЦIцIар лъаларев тушман вуго балъгояв тушман). Оц тIураниги, Марямил гIайиб, релълъ беканиги Марямил гIайиб (Оц тIураниги – Марям, релълъ беканиги – Марям). Оц хвани – гьан, гьоко хвани – цIул. Оц хваниги, хур ххутIулеб, хур хваниги, ракь ххутIулеб. Оц хIалакълъичIони, хъизан гIорцIцIулареб. Оцаз гьабураб чоцца, рииялълъ гьабураб ххаселалълъ кваналебила. Оцал – магIарда, МахIама – рагIдукь. Оцал тIуричIони, тIегь балареб, тIаде ракь хъвачIони, хур бачIунареб. Кици буго некIссияб. НекIо умумуз, “оцбай” абураб ихдалил рекьул байрам тIобитIулаго, гьенир гьарулаан цIакъго тIассан ккарал гIадатал. Гьезда гьоркьоссан цояб букIана хьон хьазе, рекьуда байбихьизе рахъарал херал чагIазде, гьадал рагIабиги ахIулаго, тIаде ракь хъвалеб, росдал гIиссинлъиги ххадуб тIамун, оцал тIуризабулеб гIадат. Оцода бече гьабеянги абуге, гIака гьакидаги баге. Оцода гъоркь бече балагьулареб. Оцодаги букIунеб хIал, хIамидаги букIунеб жан. Оцол гIадаб габуралълъул, тIотIол гIадаб бетIералълъул. Оцол лIаран хIамил гIин ккоге. Оцол тIомол бицинчIого, тIомохьитазул бицунге. Оцол тIомониб бачил ракI лъурав. Оцол хъири бахъинчIони, магIил хъуй бахъунареб. Оцол, хIамил хIисабгьечI, хIамикIартил бетIергьан. Оцолаб босе, басидулаб те. Оцоцца гIанассеб хIалтIи гьабулев, хIамицца гIанассеб къайи баччулев. Оцоцца цIцIалеб букIаго, гьоко ссвакалареб. Оц хъвезеги бокьун гьечIо, гIака бичизеги рес гьечIо.
- y | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Чч X ЧчугIа кколессул роц лълъелIила букIине кколеб. Ччузе бокьулев, ххузе бокьуларев вукIунарев.
- x | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
КI j КIал бахьинав, махьа чIчIегIерав. jal ba%inaw, ma%a Zeferaw. КIал бацIцIунареб мацIцI букIунареб. jal ba~unareb ma~ bujunareb. КIал бегIераб бахIригьой, рачIчI камураб хъандагьой. jal beferab ba\rihoy, raZ kamurab ]andahoy. КIал бегIерай, гIакълу дагьай. jal beferay, faqlu dahay. КIал бечедав, чед тIеренав, чияр рокъов саххаватав. jal bexedaw, xed Terenaw, xiyar roqow sa{awataw. КIал богIое те, чияр жо чияе те. jal bofoye te, xiyar $o xiyaye te. КIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – лъелго. jal bugew - hakida, hakil beTerhan - ;elgo. КIал букIин гIоларо, ракIги къваригIуна. jal bujin folaro, rajgi qwarifuna. КIал гIемераб гьойцца чан кколареб, чан кколеб гьойцца гожо бихьулареб. jal femerab hoyCa xan Kolareb, xan Koleb hoyCa go$o bi%ulareb. КIал гIемерав воххичIо, вуцIцIарав пашманлъичIо. jal femeraw wo{izo, wu~araw _a^man;izo. КIал – кваналарилан, берал – кванда тIад. jal - kwanalarilan, beral - kwanda Tad. КIал квешай лълъадудасса лълъикIаб гьойго лълъикIила. jal kwe^ay :adudaSa :ijab hoygo :ijila. КIал квешалдасса, лълъади куц квешай лълъикIай. jal kwe^aldaSa, :adi kuc kwe^ay :ijay. КIал къан те, берал рагьун те. jal qan te, beral rahun te. КIалкIодочил мацIцI ххалатаб. jaljodoxil ma~ {alatab. КIал талунго – таргьа ккве, талихI кьунго – яхI бахъе. jal talungo - tarha Kwe, tali\ pungo - ya\ ba]e. КIал тарарав чIваравила, бохх тарарав таравила. jal tararaw zwarawila, bo{ tararaw tarawila. КIал тарун букIаго, таргьил кIал кквейила. jal tarun bujago, tarhil jal Kweyila. КIал цIунарав воххула, ххеххлъарав пашманлъула. jal `unaraw wo{ula, {e{;araw _a^man;ula. КIал цIунарасс жиндирго рухIги цIунулебила (ГIадамассул мацIцI – живго чIвалеб бацI). jal `unaraS $indirgo ru\gi `unulebila (fadamaSul ma~ - $iwgo zwaleb ba`). КIал цIунарассул гъванща зарудасса цIунараб. jal `unaraSul vwan&a #arudaSa `unarab. КIал цIуне, черхх цIуне, чияде гIайибал реххуге. jal `une, xer{ `une, xiyade fayibal re{uge. КIал цIуне, бер цIуне, чияр бицунев вукIунге. jal `une, ber `une, xiyar bicunew wujunge. КIал чалуххай чидар яс черхх цIунарай ятула. jal xalu{ay xidar yas xer{ `unaray yatula. КIал чIчIун букIунарессул бетIер буххулеб, кверал тIатIала лъун вукIунарессул рокъобе бечелъи чваххулеб. jal Zun bujunareSul beTer bu{uleb, kweral TaTala ;un wujunareSul roqobe bexe;i xwa{uleb. КIалалда рекъонила хIанчIизе кколеб. jalalda reqonila \anzi#e Koleb. КIалалдасса квералда лълъикI лъалебила. jalaldaSa kweralda :ij ;alebila. КIалалълъ бессаралдасса квераз бессараб лълъикIаб. jala: beSaraldaSa kwera# beSarab :ijab. КIалалълъ бицарабги черххалълъ гьабурабги кванараб рахъалълъ хъван батаги. jala: bicarabgi xer{a: haburabgi kwaranarab ra]a: ]wan batagi. КIалалълъ лълъикIабги бицун, ракIалде квешаб ккоге. jala: :ijabgi bicun, rajalde kwe^ab Koge. КIалалълъ пураб гьороцца гьорол гьобо хIалтIулареб. jala: _urab horoCa horol hobo \alTulareb. КIалалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге. jala: re{ulago, {walxade kwer behuge. КIалалълъ хур бекьуге. jala: [ur bepuge. КIалалълъбакIалдаги тушман ватулев, нуцIцIида нахъаги мацIцIихъан ватулев. jala:bajaldagi tu^man watulew, nu~ida na]agi ma~i]an watulew. КIалбазар жужахIалълъуве реххараб меххалълъги ахIдаравила тIинцIи бакъвараб гьечIилан. jalba#ar $u$a\a:uwe re{arab me{a:gi a\darawila Tin`i baqwarab hezilan. КIалбазар – кверкъадар. jalba#ar - kwerqadar. КIалбиччанкъо къабуллъаги, къурбанаб къо бечелъаги. jalbiXanqo qabul;agi, qurbanab qo bexe;agi. КIалбиччанкъоялълъ гьечIеб хоно щай? jalbiXanqoya: hezeb [ono &ib? КIалбиччанкъоялълъул бакъанида гIадин вугила. jalbiXanqoya:ul baqanida fadin wugila. КIалги хъатги – Хъатуние, хъатиниб жо – Денгае. jalgi ]atgi - ]atuniye, ]atinib $o - dengaye. КIалдиб гьоцIцIо бугессул рекIелI загьру букIунеб. jaldib ho~o bugeSul reje/ #ahru bujuneb. КIалдиб квен гIиссинаб лъе, чIамичIого къулчIчIуге. jaldib kwen fiSinab ;e, zamizogo qulZuge. КIалдиб лъураб чIамун бажаруларев, чIамун кьураб къулчIчIун бажаруларев. jaldib ;urab zamun ba$arulalew, zamun purab qulZun ba$arularew. КIалдиб мацIцIги боцIцIи буго. jaldib ma~gi bo~i bugo. КIалдиб хъван бихьичIони, гьацIцIул тIагIам лъалареб. jaldib ]wan bi%izoni, ha~ul Tafam ;alareb. КIалдиб ца гурев, цайитIа кIветI гурев. jaldib ca gurew, cayiTa jweT gurew. КIалдибе борта багIаргIеч! jaldibe borta bafarfex! КIалдибе босилалде карщ какулареб. jaldibe bosilalde kar& kakulareb. КIалдибе нух къосунареб. jaldibe nu[ qosunareb. КIалдибе щвечIеб жоялълъ гIорцIцIуларел. jaldibe &wezeb $oya: for~ularel. КIалдисса цаби гъиналде гьищтIе, гьаракь кIудияб бахъине. jaldiSa cabi vinalde hi&Te, harap judiyab ba]ine. КIалдиссан араб ботIролI щолеб. jaldiSan arab boTro/ &oleb. КIалдиссан араб цо гьерессиялълъ азаргояв гьерссилIе ккезавулев. jaldiSan arab co hereSiya: a#argoyaw herSi/e Ke#awulew. КIалдиссан унеб калам пайда гьечIеб бицунге, гIияда гъорлI речIчIулеб бацI гIадинан вукIунге. jaldiSan uneb kalam _ayda hezeb bicunge, fiyada vor/ reZuleb ba` fadinan wujunge. КIалзул рагIи ругънадассаги ссудулеб. jal#ul eafi ruvnadaSagi Suduleb. КIалзул ругъун лълъикIлъулареб, ххонжрол ругъун лълъикIлъулеб. jal#ul ruvun :ij;ulareb, {on$rol ruvun :ij;uleb. КIалквеш лълъадилъиларо. jalkwe^ :adi;ilaro. КIалквеш рикIкIад гьаве, ракIхIерен гIагар гьаве. jalkwe^ riJad hawe, raj\eren fagar hawe. КIални данде бачинин, берални къанщилин, къалазда щиб гьабилеб? jalni dande baxinin, beralni qan&ilin, qala#da &ib habileb? КIалцIи бан, кьабе дида цIцIалан абулебила чоцца. jal`i ban, pabe dida ~alan abulebila xoCa. КIалцIи бани, чу бекерула, чури тIуни, гьой багъула. jal`i bani, xu bekerula, xuri Tuni, hoy bavula. КIалцIи гIемер бан, чу лIугьунаро, чияцца малълъун, чи лIугьунаро. jal`i femer ban, xu /uhunaro, xiyaCa ma:un, xi /uhunaro. КIалъазе лъарассул кIал гьацIцIул цIолебила. ja;a#e ;araSul jal ha~ul `olebila. КIалъазе те тоххлъи лъазе. ja;a#e te to{;i ;a#e. КIалъалареб кIал букIунареб, бакъвалареб ракI букIунареб. ja;alareb jal bujunareb, baqwalareb raj bujunareb. КIалъалев чи – гьурщулев, гIенеккарав – бищулев. ja;alew xi - hur&ulew, feneKaraw - bi&ulew. КIанцIани бохх бекулеб борххалъуде вахунге. jan`ani bo{ bekuleb bor{a;ude wa[unge. КIанцIараб гьой лъаларев, къинлъараб гважи лъаларев. jan`arab hoy ;alarew, qin;arab gwa$i ;alarew. КIанцIулаго чахъдал цIцIолъи бихьараб цIцIе белъарабила. jan`ulago xa]dal ~o;i bi%arab ~e be;arabila. КIанцIун вахъунареб бакIалда гIужги багейила, батулареб рагIиги бицунгейила. jan`un wa]unareb bajalda fu$gi bageyila, batulareb rafigi bicungeyila. КIартида асскIоб бухьани, бечеги кьазе ругьунлъулеб. jartida aSjob bu%ani, bexegi pa#e ruhun;uleb. КIарчамаб кьегIер кIиго чахъдада хахулеб. jarxamab pefer jigo xa]dada [a[uleb. КIарчанлъигун кIкIухIаллъиялълъ кIиго лъимер гьабунила, мискинлъиян, хIакъирлъиян цIцIарал гьездаги лъунила. jarxan;igun Ju\al;iya: jigo ;imer habunila, miskin;iyan, \aqir;iyan ~aral he#dagi ;unila. КIвекьмаххгун барщарай, рукIкIенгун кьаллъарай. jwepma{gun bar&aray, ruJengun pal;aray. КIечIезабизе гуребила кIалдиб мацIцI бижун бугеб, чIчIегIералда чIчIегIерабилан, хъахIалда хъахIабилан абизейила. jeze#abi#e gurebila jaldib ma~ bi$un bugeb, Zeferalda Zeferabilan, ]a\alda ]a\abilan abi#eyila. КIиабизе ячарай чIчIужу – кIиабизе тIураб бухIаражо. jiabi#e yaxaray Zu$u - jiabi#e Turab bu\ara$o. КIиабилей чIчIужулъун йикIинегIан, кIицIцIулго хабалI лъейго лълъикIила. jiabiley Zu$u;un yijinefan, ji~ulgo [aba/ ;eygo :ijila. КIиго балагь тIаде ккани, бигьаяб бище. jigo balah Tade Kani, bihayab bi&e. КIиго бетIер рекъани, ункъго кверги хIалтIани, рукъ ццебе тIола. jigo beTer reqani, unqgo kwergi \alTani, ruq Cebe Tola. КIиго бетIергьанчи разияб гуреб даран битIун кколареб. jigo beTerhanxi ra#iyab gureb daran biTun Kolareb. КIиго бутIа – царае, цо бутIа – гIанкIкIие. jigo buTa - caraye, co buTa - fanJiye. КIиго васги нусго гIиги бугев чи цо хIалалда чIчIоларев. jigo wasgi nusgo figi bugew xi co \alalda Zolarew. КIиго гьумер бугев чи кIиго къол нухалълъ довегIан те. jigo humer bugew xi jigo qol nu[a: dowefan te. КIиго гIабдал ургъани, цо гIакъил лIугьунев. jigo fabdal urvani, co faqil /uhunew. КIиго гIанкIкIида ххадув вортани, цонигияб щвечIого ххутIулевила. jigo fanJida {aduw wortani, conigiyab &wezogo {uTulewila. КIиго жо цого заманалда цого бакIалда букIунареб. jigo $o cogo #amanalda cogo bajalda bujunareb. КIиго кьибил кьаллъани, кьвагьи цIакъаб букIуна, гебегараб кьалулIе кьун ятана инссуцца. jigo pibil pal;ani, pwahi `aqab bujuna, gebegarab palu/e pun yatana inSuCa. КIиго рокъов къаличехь. jigo roqow qalixe%. КIиго ххарил квацIиялълъул кинаб тIасса бищилебали лъачIого, хIама бакъуцца хварабила. jigo {aril kwa`iya:ul kinab TaSa bi&ilebali ;azogo, \ama baquCa [warabila. КIиго ххиял гьабуни, бахIарчи вахъунарев. jigo {iyal habuni, ba\arxi wa]unarew. КIиго хъалияналдасса цIа гъезе кIиго хъинтIулеб гIучI хIажалъулев тIокIелчи жиндие данде кколарилан абурабила хIалтIизе восеян вачIарав гIолохъанчияссда Бакуб нартил бетIергьан Нагъицца. jigo ]aliyanaldaSa `a ve#e jigo ]inTuleb fuz \a$a;ulew Tojelxi $indiye dande Kolarilan aburabila \alTi#e woseyan wazaraw folo]anxiyaSda bakub nartil beTerhan naviCa. КIиго тIоноцIцI бугев чияссеги унге, бер гьитIинай чIчIужуги ячунге. jigo Tono~ bugew xiyaSe unge, ber hiTinay Zu$ugi yaxunge. КIиго чи бергьараб даран букIунареб, тIад чи кIалъалареб ригьин букIунареб. jigo xi berharab daran bujunareb, Tad xi ja;alareb rihin bujunareb. КIиго чи бергьараб рагъ букIунареб, кIиго чи бергьараб даран букIунареб. jigo xi berharab rav bujunareb, jigo xi berharab daran bujunareb. КIиго чи данде гъуни, гъветI чIчIезе кколеб. jigo xi dande vuni, vweT Ze#e Koleb. КIиго чIчIужу йигессул рукъ лълъухьичIого ххутIараб. jigo Zu$u yigeSul ruq :u%ixogo {uTarab. КIиго чIчIужу – кIиго тушман. jigo Zu$u - jigo tu^man. КIиго шагьидахъ цо шагьи босарав чи – цо ургъалихъ кIиго ургъел босарав чи. jigo ^ahida] co ^ahi bosaraw xi - co urvali] jigo urvel bosaraw xi. КIиго чIчIужу ячине бацI те. jigo Zu$u yaxine ba` te. ГIадамаз бацI ккун буго. Гьелълъие гьабизессеб тамихIалде ургъулел рукIун руго. ЧIван лълъикI, гъоркье реххун лълъикI, бакъуцца хвезабун лълъикI, бухIун хIурудахъ биччан лълъикIан, жинди-жиндир пикру бицун, киналго кIалъан рахъараб меххалълъ, цо херав чиясс абун буго. fadama# ba` Kun bugo. he:iye habi#eSeb tami\alde urvulel rujun rugo. zwan :ij, vorpe re{un :ij, baquCa [we#abun :ij, bu\un \uruda] biXan :ijan, $indi-$indir _ikru bicun, kinalgo ja;an ra]arab me{a:, co [eraw xiyaS abun bugo. - БацIие гIазаб кьезе нужее бокьун батани, гьелълъие кIиго чIчIужу яче. - ba`iye fa#ab pe#e nu$eye bopun batani, he:iye jigo Zu$u yaxe. Цо жамагIатчияссе цIакъ бокьун букIун буго радакь мажгиталълъуре какал разе рачIунел цогидал жамагIатчагIаздасса живго ццеве ккезе. Цо чияссни гьев ццеве ккезе тун гьечIо. КигIан ххеххго гьав вахъаниги, гьассдасса гьев чи ццеве щун ватулев вукIун вуго. Чара хварав чиясс гьессда гьикъун буго. co $amafatxiyaSe `aq bopun bujun bugo radap ma$gita:ure kakal ra#e razunel cogidal $amafatxafa#daSa $iwgo Cewe Ke#e. co xiyaSni hew Cewe Ke#e tun hezo. kifan {e{go haw wa]anigi, haSdaSa hew xi Cewe &un watulew wujun wugo. xara [waraw xiyaS heSda hiqun bugo. - Дун кигIан ххеххго вахъаниги, мажгиталде мун ццеве кколеб къагIида щиб? - dun kifan {e{go wa]anigi, ma$gitalde mun Cewe Koleb qafida &ib? - Дур кIиго чIчIужу гьечIохха, гьудул, дир йиголъун. Дидасса ццере рахъуна гьел тIаде, цоялълъ какие чуризе лълъим гIетIизабула, цогиялълъ гулгун, тIарсс ццебе лъола, ретIел-хьит хIадур гьабула. Гьеле гьедин ккола дун киназдассаго ццеве, - ян жаваб кьун буго дандиясс. - dur jigo Zu$u hezo{a, hudul, dir yigo;un. didaSa Cere ra]una hel Tade, coya: kakiye xuri#e :im feTi#abula, cogiya: gulgun, TarS Cebe ;ola, reTel-%it \adur habula. hele hedin Kola dun kina#daSago Cewe, - yan $awab pun bugo dandeyaS. - ВахI! Гьединищхха иш букIараб! Гьав балъго гьоцIцIо чIчIикIулев вукIун вуго! – ян, вахъун гьассги ячун йиго цоги чIчIужу. - wa\! hedini&{a i^ bujarab! haw ba;go ho~o Zijulew wujun wugo! - yan, wa]un haSgi yaxun yigo cogi Zu$u. Рагъун руго руччаби, рагъун руго. ХъахIаб дуниял чIчIегIерлъун буго. Гьасс байбихьун буго, цоцазул гьан кунел рукIаян руччабиги тун, къассиквен кIалдибе тIерхьарабго, мажгиталълъуве лIутизе. ravun rugo ruXabi, ravun rugo. ]a\ab duniyal Zefer;un bugo. haS baybi%un bugo, coca#ul han kunel rujayan ruXabigi tun, qaSikwen jaldibe Ter%arabgo, ma$gita:uwe /uti#e. - БихьичIессда бихьизе рохьдомухъалълъ билълъагиянищ, гьудул, дуцца дун гьаб балагьалда гьоркьове тIамурав? – ан бадибчIвай гьабун буго гьасс дандеяссе. - bi%izeSda bi%i#e ro%domu]a: bi:agiyani&, hudul, duCa dun hab balahalda horpowe Tamuraw? - an badibzway habun bugo haS dandeyaSe. - Гуро! – ян жаваб кьун буго гьесс. – Дуе бокьун букIана мажгиталълъуве цогидассдасса ццеве ккезе. Кколеб куц диццаги малълъана дуда. - guro! - yan $awab pun bugo heS. - duye bopun bujana ma$gita:uwe cogidaSdaSa Cewe Ke#e. Koleb kuc diCagi ma:ana duda. КIигояв вагъани, гIайиб цIцIодорассда букIунеб. jigoyaw wavani, fayib ~odoraSda bujuneb. КIигояв къаццандани, гIайиб кIудияссдайила. jigoyaw qaCandani, fayib judiyaSdayila. КIигояссда гурони лъалареб балъголъи букIунаребила. jogoyaSda guroni ;alareb ba;go;i bujunarebila. КIилълъилалълъул гьин гуро, ГьетIарассул си гуро. ji:ila:ul hin guro, heTaraSul si guro. КIилълъилай йиго ххунздерил ццеегоссей бика, ГьетIаравги вуго гьелълъул бодул бетIер. Кици хIалтIизабула гьедигIан берцинаб, тIокIаб букIине ккеларилан абураб магIнаялда. ji:ilay yigo {un#deril CeyegoSey bika, heTarawgi wugo he:ul bodul beTer. kici \alTi#abula hedifan bercinab, Tojab bujine Kelarilan aburab mafnayalda. КIицIцIул кIанцIун, кIкIал бахунареб. ji~ul jan`un, Jal ba[unareb. КIицIцIул ургъа, цин абе (анкьцIцIул борце, цин къотIе). ji~ul urva, cin abe (anp~ul borce, cin qoTe). КIицIцIул чи холарев, рухI цин гурони бахъулареб. ji~ul xi [olarew, ru\ cin guroni ba]ulareb. КIиябго бер беццасс цояб бер беццассда «Беццук! Беццук!» - илан абурабила. jiyabgo ber beCaS coyab ber beCaSda «beCuk! beCuk!» - ilan aburabila. КIиябго бералда чияр лъимал рихьараб меххалълъ, цояб бералданиги нилIерго лъималги рихьизе кколел. jiyabgo beralda xiyar ;imal ri%arab me{a:, coyab beraldanigi ni/ergo ;imalgi ri%i#e Kolel. КIиябго бералълъул данде ккечIогойила гьоркьоб мегIер бижараб. jiyabgo bera:ul dande Kezogoyila horpob mefer bi$arab. КIиябго квер кодобе кьурассда божуге. jiyabgo kwer kodobe puraSda bo$uge. КIияздаго гIайиб гьечIого, кIиго чи къаццандуларо. jiya#dago fayib hezogo, jigo xi qaCandularo. КIодолъиялде вахине бокьарасс гьитIинавги кIодо гьавула. jodo;iyalde wa[ine boparaS hiTinawgi jodo hawula. КIудияб бакI кквезе ккани, кIудияб гIакълуги къваригIунеб. judiyab baj Kwe#e Kani, judiyab faqlugi qwarifuneb. КIудияб вагIзаялдасса гьитIинаб мисалалълъул пайда цIцIикIкIараб. judiyab waf#ayaldaSa hiTinab misala:ul _ayda ~iJarab. КIудияб гъветI гьитIинаб хIапароялълъги реххулеб. judiyab vweT hiTinab \a_aroya:gi re{uleb. КIудияб гъотIол кьалбалги риццатал. judiyab voTol palbalgi riCatal. КIудияб гъотIол рагIадги кIудияб букIунеб. judiyab voTol rafadgi judiyab bujuneb. КIудияб гьецIцIо гьитIинаб квартIицца бекулеб. judiyab he~o hiTinab kwarTiCa bekuleb. КIудияб гIарзаялдасса гьитIинаб хIалтIи лълъикIабила. judiyab far#ayaldaSa hiTinab \alTi :ijabila. КIудияб дармидасса воххаги. judiyab darmidaSa wo{agi. КIудияб оцоцца рахъ кIудияб цIцIалеб. judiyab ocoCa ra] judiyab ~aleb. КIудияб рагъалдасса гьитIинаб рекъелго лълъикIила. judiyab ravaldaSa hiTinab reqelgo :ijila. КIудияб раса хъвагIани, гурга кIудияб лIугьуна. judiyab rasa ]wafani, gurga judiyab /uhuna. КIудияб рокьи – кIудияб гIазаб. judiyab ropi - judiyab fa#ab. КIудияб рокьиги кIудияб ццимги цого жойила, кIиялълъулго къуватги бащадабила. judiyab ropigi judiyab Cimgi cogo $oyila, jiya:ulgo quwatgi ba&adabila. КIудияб росдал рагIалда лълъикIаб, гьитIинаб росдал бакьулI лълъикIаб. judiyab rosdal rafalda :ijab, hiTinab rosdal bapu/ :ijab. Кици буго рукъалълъул хIакъалълъулI. КIудияб росдал бакьулI бугеб мина магъдасса, мегIер-гIалаххалдасса рикIкIалъула. ГьитIинаб росдал бакьулI рукъ букIунилан гьединаб рикIкIалъи кколаро. Гьелда тIадеги, росу бакьулI бугеб рукъ цIунараб букIана некIо гьитIинал росабазе гьабулеб букIараб гъараялдассаги. kici bugo ruqa:ul \aqa:u/. judiyab rosdal bapu/ bugeb mina mavdaSa, mefer-fala{aldaSa riJa;ula. hiTinab rosdal bapu/ ruq bujunilan hedinab riJa;i Kolaro. helda Tadegi, rosu bapu/ bugeb ruq `unarab bujana nejo hiTinal rosaba#e habuleb bujarab varayaldaSagi. КIудияб росулI бичулеб хурги камулареб, холев чиги камуларев. judiyab rosu/ bixuleb [urgi kamulareb, [olew xigi kamularew. КIудияб тIассан биччай, гьитIинаб гъоркьан биччай. judiyab TaSan biXay, hiTinab vorpan biXay. КIудияб хIориниб ччугIаги кIудияб букIунеб. judiyab \orinib Xufagi judiyab bujuneb. КIудиябгIан гIакдацца бечеги кIудияб гьабулебила. judiyabfan fakdaCa bexegi judiyab habulebila. КIудиябгIан гIор гIодобе биччанила чваххулеб. judiyabfan for fodobe biXanila xwa{uleb. КIудияв гIунилан гIадалI гъветI бижиларо. judiyaw funilan fada/ vweT bi$ilaro. КIудияв чи хвани, рукъ бухIулеб, гьитIинав чи хвани, чехь бухIулеб. judiyaw xi [wani, ruq bu\uleb, hiTinaw xi [wani, xe% bu\uleb. КIудиял рагIабазда ххадур кидаго гуро чIахIиял ишал рукIунел. judiyal rafaba#da {adur kidago guro za\iyal i^al rujunel. КIудиял ургъалабаз гьитIинал ургъалаби кьеркьезарула. judiyal urvalaba# hiTinal urvalabi perpe#arula. КIудиясс малълъараб гьабичIони, гьабураб анищан кколеб. judiyaS ma:arab habizoni, haburab ani&an Koleb. КIудияссги рагьулеб рагьдул нуцIцIа, гьитIинассги рагьулеб. judiyaSgi ravuleb rahdul nu~a, hiTinaSgi rahuleb. КIудияссда гьикъарав къосунарев, гьудулассда гьикъарав мекъи кколарев. judiyaSda hiqaraw qosunarew, hudulaSda hiqaraw meqi Kolarew. КIулал раханилан, ххалкъалълъул кIал чIчIолареб. julal ra[anilan, {alqa:ul jal Zolareb. КIурул гулги кверзул зарги гIадин рукIайила. jurul gulgi kwer#ul #argi fadin rujayila. КIусулелълъул гIодове валагье, кIалъалелълъул нахъ валагье. jusule:ul fodowe walahe, ja;ale:ul na] walahe.
- kx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Т t 1. Таваккал гьечIессул бахIарчи вахъунарев. 2. Таваккал тIаме, хIамаги бухьун. 3. Таваккал тIамурассул мурад тIубалеб. 4. Тайи кIийиллъуда квегъе, лъабиллъуда рекIа. 5. Тайидул чу лIугьинегIан, бетIергьанчияссул гьой лIугьунебила. 6. Такъсирчияссда тIад рекъейги такъсирила. 7. Талган кваназе лъачIого, хварав эмен. Аби буго талган даруяб жо букIиналълъул хIакъалълъулI. Цо чияссул даимго чехь унтулеб букIарабила. Гьесс лъималазде васигат гьабун тарабила, щибгIаги жиндир чохьониб бугебали бихьизе, жив хвараб меххалълъ жанире раккичIого рукIунгеян. Гьагъабго чохьол унтиги бахъун, эмен хваравила. Цинги, лъимал чохьонире раккараб меххалълъ, батарабила ххалатккараб цо магьи гIадаб жо. Эмен ракIалде щвеялълъе васасс гьеб къвакIараб жоялълъул гьабурабила носое тIагъи. Цо нухалълъ, талган чехъолаго, носол тIагьиялълъул талган хъвара-хъвараб бакI биун арабила. Гьеб меххалълъ васасс гьадал рагIаби абуралила. 8. ТалихI бугеб рокъобе «ТуржагIун» лIугьинаро “ТуржагIун” буго чи хвараб бакIалда цIцIалулеб «Ясеналълъул» цо бутIаялда жаниб бугеб рагIи. Щибаб сордоялълъ вачIун, будун-дибирасс “Ясен” цIцIалулеб меххалълъ, хварассул лълъадуда гIемерго рагIулеб букIун буго гьаб рагIи. Гьелълъ абун руго кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби. 9. ТалихI бугеб рокъое Къоркъочилай лIугьинаро ТIелекь росдал гIадамазда тIадаб букIун буго лъагIалида жаниб щибаб рукъалълъ жидер нуцалчияссе цо-цо хIалтIул къо гьабизе. Нагагь гьеб тIадаб хIалтIуде щивниги чи камуни, нуцабаз гьессул рокъое Къоркъочилай абулей жидерго гъарабаш йитIулей йикIун йиго. Къоркъочилалълъул иххтияр букIун буго гьеб рокъосса кинаб бугониги цо тIагIел тIасса бищизе ва, годикIанибеги босун, бекизе. 10. ТалихI бугеб чорххол рокьи ккеларо, нухда рилълъин буго дида кIочон тун. 11. ТалихI бугев чияссул чухъил къвал хIулиларо. 12. ТалихI бугезда ккеларо бицун гIадан божулареб, гIодун Аллагь гурхIулареб гьуразул унти. 13. ТалихI бугессул бихьинхIамаги къинлъулебила. Мискинчияссул букIун буго цо хIама-кIерт. Ма, цо бечедав чи чIчIун вуго гьеб кIерт жиндир бугилан. Ккун руго диваналде. Диваналде вачIине кколеб куц лъалев бечедав чи цояб рахъалдеги цIцIан вачIун вуго. Мискинчи, гъарим, чIового вачIун вуго. Диваналълъ хIамикIерт бечедав чияссул букIин чIчIезабураб меххалълъ, мискинчиясс диванчияссда гьикъун буго - - Ассул бихьинаб гурони хIамаги гьечIеб меххалълъ, ссунццагIаги ассие гьаб кIерт гьабураб? – ан. Диванчиясс жаваб кьун буго, - ТалихI бугев чияссул бихьинхIамаги къинлъула. 14. ТалихI бугессул гвай къаццандулеб. 15. ТалихI бугессул оц ияхI бугессухъе ккела. 16. ТалихI бугессул хIама хIортIа къинлъулебила. 17. ТалихI, гьакил милъир гIадин, ссверулеб, цин тIаде кколеб, цин гъоркье кколеб. 18. ТалихI гIодобе бортун батулареб, чIобого кьолеб жо букIунареб. 19. ТалихI духъан бугони, гIадамалги духъан рукIунел, дур талихI къосани, гIадамазда мунги къосунев. – ТалихI, кибе бахъараб? – Гьудуллъи бугелълъубе. 20. ТалихI къарал гурони, къороллъиларо, къо бухIарал гурони, бессдаллъиларо. 21. ТалихI къарасс гурони, къоролай ячинаро, къо бигъарай гурони, къоролассе ккеларо. 22. ТалихI къойил такрарлъуларебила. 23. ТалихI къосарассул кверде къо бухIарав кколевила. 24. ТалихI къосиналдасса къо тIагIинго лълъикIила. 25. ТалихI кьезеги – цо пара, талихI къинеги – цо пара, кIодолъи щвезеги – цо пара, тIасса инеги – цо пара. 26. ТалихIабгIан заман ххеххго унебила. 27. ТалихIалълъе гIорхъи гьечIебила. 28. Тайпа лълъикIалдасса жибго лълъикIаб лълъикIила. 29. Талмикьа талмикье – хьиндаллъи. 30. Тамахаб бихьунила хIамицца заз хIанчIулеб. 31. Тамахьо гьечIев ссонтIохъан – къвачIа гьечIев гьардохъан. 32. Таргьа ракул – гьир богIол. 33. Таргьидаго къачIони, къвачIида букIунареб. 34. Таргьида рекъарабила рукъи балеб. 35. Тариххалълъул дарс – бищун гIакъилаб дарс. 36. Тарщида гьабураб гьойда толареб. 37. ТечIони, катиццаги хъат балеб. 38. Тирибашицца жинццаго гьабулеб, кIкIухIал, чияцца гьабизегIан, валагьун чIчIун вукIунев. 39. Тоххав вехьассул гIи бацIиццаги гъурулеб, гъараялълъги унеб. 40. ТуманкI гьечIев чанахъан, чухъа гьечIев багьадур. 41. ТуманкI лълъикIаб – ххалкъалълъ цIураб, рагIи лълъикIаб – киназулго данде ккараб. 42. Тури гьекъон, къеч хьвалареб, дуниял кваниги, къарум гIорцIцIуларев. 43. Туркидул кири гьечIеб, кочIол хIакъ гьечIеб. 44. ТуркIе, дадал Гъазали! Кици буго дибирассул хIакъалълъулI. Гъазали вукIун вуго дибирассул вас. Инссулги васассулги квана-гьекъей букIун буго мутагIилзабазда гъорлI. МутагIилзабазул мукъссанаб кванил бутIа жидеего цIцIикIкIун щвеялълъул мурадалда, дибирасс мутагIилзаби гьаб босе, доб босе, цIцIам кье, лълъим кьеян кваниде регIизе толел рукIун гьечIо. Нижеда лъала гьессие гьабулеб жоян, цо нухалълъ мутагIилзабаз, кваназе гIодор чIчIелалде, дибирасс кьеян абизессеб кинабго жо квер гIунтIулеб бакIалда лъун тун буго. Щибго квалквал ккечIого, абу-абураб жо мутагIилзабаз маго-маян кьураб меххалълъ, васассул мугъзада кверги кIутI-кIутIун, чара хварав дибирасс гьадал рагIаби такрар гьарун руго. 45. Туххум лълъикIай дуего те, жийго лълъикIай дие кье. 46. Тушманзабаздасса диццаго цIунила, Аллагь, гьудулзабаздасса дуцца цIуне. 47. Тушман вукIа абе, гьобол басра гьавуге. 48. Тушман гьавизе бокьани, къарзалълъ гIарац кьейила. 49. Тушман гьекъезаве, гьудул кваназаве. 50. Тушман гьечIолъиги рахIатила. 51. Тушман гIемерлъани, рахIат дагьлъулеб. 52. Тушман камурав бахIарчи вукIунарев, жахIда камурав гIалимчи вукIунарев. 53. Тушман цоги гIемерила, гьудул нусгоги дагьила. 54. Тушманасс веццулелълъул, щайдаян пикру гьабе. 55. Тушманасс дуе гьабураб лълъикIлъи дагьабги цIцIикIкIун бецIе, тIокIав асскIовеги къаге. 56. Тушманасс мун веццулев вугони, биччараб гъалатIалълъул пикру гьабейила. 57. Тушманасс чIвазе бегьула, гьудул ххилиплъизе бегьула, ургъел гьечIесс чIвазеги чIвала, ххилиплъизеги ххилиплъула. 58. Тушманассда бицунареб жо гьудулассдаги бицунге. 59. Тушманассдассанги мисал босизе бегьулебила. 60. Тушманассе – кIал, ватIаналъе – ракI 61. Тушманассе наку чIвазегIан, жиндирго къаданиб зани чIвайго лълъикI. 62. Тушманассе нусго къоги – цо къо. 63. Тушманассе цIакъго кIудияб цIа бакуге, цадахъ мунгоги вухIизе гурин. 64. Тушманассул бетIер, нах бахун, къотIе. 65. Тушманассул рокъоб чIчIегIераб кето ххутIаги. 66. Тушманассухъе кваранаб рахъ кьоге. 67. Тушманги гIакъилав ккве. 68. Тушмангун кьварун вукIа, кьалда лъала багьадур, милатгун хIерен вукIа, хIал бихьулин яхIалълъул. 69. Тушмангун рекъаниги, къолден тIадго те. 70. Тушманлъи бекьани, бекьарасс лъилъулеб. 71. Тушманлъиялълъ макьу толареб.
- k | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
КI j КIал бахьинав, махьа чIчIегIерав. jal ba%inaw, ma%a Zeferaw. КIал бацIцIунареб мацIцI букIунареб. jal ba~unareb ma~ bujunareb. КIал бегIераб бахIригьой, рачIчI камураб хъандагьой. jal beferab ba\rihoy, raZ kamurab ]andahoy. КIал бегIерай, гIакълу дагьай. jal beferay, faqlu dahay. КIал бечедав, чед тIеренав, чияр рокъов саххаватав. jal bexedaw, xed Terenaw, xiyar roqow sa{awataw. КIал богIое те, чияр жо чияе те. jal bofoye te, xiyar $o xiyaye te. КIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – лъелго. jal bugew - hakida, hakil beTerhan - ;elgo. КIал букIин гIоларо, ракIги къваригIуна. jal bujin folaro, rajgi qwarifuna. КIал гIемераб гьойцца чан кколареб, чан кколеб гьойцца гожо бихьулареб. jal femerab hoyCa xan Kolareb, xan Koleb hoyCa go$o bi%ulareb. КIал гIемерав воххичIо, вуцIцIарав пашманлъичIо. jal femeraw wo{izo, wu~araw _a^man;izo. КIал – кваналарилан, берал – кванда тIад. jal - kwanalarilan, beral - kwanda Tad. КIал квешай лълъадудасса лълъикIаб гьойго лълъикIила. jal kwe^ay :adudaSa :ijab hoygo :ijila. КIал квешалдасса, лълъади куц квешай лълъикIай. jal kwe^aldaSa, :adi kuc kwe^ay :ijay. КIал къан те, берал рагьун те. jal qan te, beral rahun te. КIалкIодочил мацIцI ххалатаб. jaljodoxil ma~ {alatab. КIал талунго – таргьа ккве, талихI кьунго – яхI бахъе. jal talungo - tarha Kwe, tali\ pungo - ya\ ba]e. КIал тарарав чIваравила, бохх тарарав таравила. jal tararaw zwarawila, bo{ tararaw tarawila. КIал тарун букIаго, таргьил кIал кквейила. jal tarun bujago, tarhil jal Kweyila. КIал цIунарав воххула, ххеххлъарав пашманлъула. jal `unaraw wo{ula, {e{;araw _a^man;ula. КIал цIунарасс жиндирго рухIги цIунулебила (ГIадамассул мацIцI – живго чIвалеб бацI). jal `unaraS $indirgo ru\gi `unulebila (fadamaSul ma~ - $iwgo zwaleb ba`). КIал цIунарассул гъванща зарудасса цIунараб. jal `unaraSul vwan&a #arudaSa `unarab. КIал цIуне, черхх цIуне, чияде гIайибал реххуге. jal `une, xer{ `une, xiyade fayibal re{uge. КIал цIуне, бер цIуне, чияр бицунев вукIунге. jal `une, ber `une, xiyar bicunew wujunge. КIал чалуххай чидар яс черхх цIунарай ятула. jal xalu{ay xidar yas xer{ `unaray yatula. КIал чIчIун букIунарессул бетIер буххулеб, кверал тIатIала лъун вукIунарессул рокъобе бечелъи чваххулеб. jal Zun bujunareSul beTer bu{uleb, kweral TaTala ;un wujunareSul roqobe bexe;i xwa{uleb. КIалалда рекъонила хIанчIизе кколеб. jalalda reqonila \anzi#e Koleb. КIалалдасса квералда лълъикI лъалебила. jalaldaSa kweralda :ij ;alebila. КIалалълъ бессаралдасса квераз бессараб лълъикIаб. jala: beSaraldaSa kwera# beSarab :ijab. КIалалълъ бицарабги черххалълъ гьабурабги кванараб рахъалълъ хъван батаги. jala: bicarabgi xer{a: haburabgi kwaranarab ra]a: ]wan batagi. КIалалълъ лълъикIабги бицун, ракIалде квешаб ккоге. jala: :ijabgi bicun, rajalde kwe^ab Koge. КIалалълъ пураб гьороцца гьорол гьобо хIалтIулареб. jala: _urab horoCa horol hobo \alTulareb. КIалалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге. jala: re{ulago, {walxade kwer behuge. КIалалълъ хур бекьуге. jala: [ur bepuge. КIалалълъбакIалдаги тушман ватулев, нуцIцIида нахъаги мацIцIихъан ватулев. jala:bajaldagi tu^man watulew, nu~ida na]agi ma~i]an watulew. КIалбазар жужахIалълъуве реххараб меххалълъги ахIдаравила тIинцIи бакъвараб гьечIилан. jalba#ar $u$a\a:uwe re{arab me{a:gi a\darawila Tin`i baqwarab hezilan. КIалбазар – кверкъадар. jalba#ar - kwerqadar. КIалбиччанкъо къабуллъаги, къурбанаб къо бечелъаги. jalbiXanqo qabul;agi, qurbanab qo bexe;agi. КIалбиччанкъоялълъ гьечIеб хоно щай? jalbiXanqoya: hezeb [ono &ib? КIалбиччанкъоялълъул бакъанида гIадин вугила. jalbiXanqoya:ul baqanida fadin wugila. КIалги хъатги – Хъатуние, хъатиниб жо – Денгае. jalgi ]atgi - ]atuniye, ]atinib $o - dengaye. КIалдиб гьоцIцIо бугессул рекIелI загьру букIунеб. jaldib ho~o bugeSul reje/ #ahru bujuneb. КIалдиб квен гIиссинаб лъе, чIамичIого къулчIчIуге. jaldib kwen fiSinab ;e, zamizogo qulZuge. КIалдиб лъураб чIамун бажаруларев, чIамун кьураб къулчIчIун бажаруларев. jaldib ;urab zamun ba$arulalew, zamun purab qulZun ba$arularew. КIалдиб мацIцIги боцIцIи буго. jaldib ma~gi bo~i bugo. КIалдиб хъван бихьичIони, гьацIцIул тIагIам лъалареб. jaldib ]wan bi%izoni, ha~ul Tafam ;alareb. КIалдиб ца гурев, цайитIа кIветI гурев. jaldib ca gurew, cayiTa jweT gurew. КIалдибе борта багIаргIеч! jaldibe borta bafarfex! КIалдибе босилалде карщ какулареб. jaldibe bosilalde kar& kakulareb. КIалдибе нух къосунареб. jaldibe nu[ qosunareb. КIалдибе щвечIеб жоялълъ гIорцIцIуларел. jaldibe &wezeb $oya: for~ularel. КIалдисса цаби гъиналде гьищтIе, гьаракь кIудияб бахъине. jaldiSa cabi vinalde hi&Te, harap judiyab ba]ine. КIалдиссан араб ботIролI щолеб. jaldiSan arab boTro/ &oleb. КIалдиссан араб цо гьерессиялълъ азаргояв гьерссилIе ккезавулев. jaldiSan arab co hereSiya: a#argoyaw herSi/e Ke#awulew. КIалдиссан унеб калам пайда гьечIеб бицунге, гIияда гъорлI речIчIулеб бацI гIадинан вукIунге. jaldiSan uneb kalam _ayda hezeb bicunge, fiyada vor/ reZuleb ba` fadinan wujunge. КIалзул рагIи ругънадассаги ссудулеб. jal#ul eafi ruvnadaSagi Suduleb. КIалзул ругъун лълъикIлъулареб, ххонжрол ругъун лълъикIлъулеб. jal#ul ruvun :ij;ulareb, {on$rol ruvun :ij;uleb. КIалквеш лълъадилъиларо. jalkwe^ :adi;ilaro. КIалквеш рикIкIад гьаве, ракIхIерен гIагар гьаве. jalkwe^ riJad hawe, raj\eren fagar hawe. КIални данде бачинин, берални къанщилин, къалазда щиб гьабилеб? jalni dande baxinin, beralni qan&ilin, qala#da &ib habileb? КIалцIи бан, кьабе дида цIцIалан абулебила чоцца. jal`i ban, pabe dida ~alan abulebila xoCa. КIалцIи бани, чу бекерула, чури тIуни, гьой багъула. jal`i bani, xu bekerula, xuri Tuni, hoy bavula. КIалцIи гIемер бан, чу лIугьунаро, чияцца малълъун, чи лIугьунаро. jal`i femer ban, xu /uhunaro, xiyaCa ma:un, xi /uhunaro. КIалъазе лъарассул кIал гьацIцIул цIолебила. ja;a#e ;araSul jal ha~ul `olebila. КIалъазе те тоххлъи лъазе. ja;a#e te to{;i ;a#e. КIалъалареб кIал букIунареб, бакъвалареб ракI букIунареб. ja;alareb jal bujunareb, baqwalareb raj bujunareb. КIалъалев чи – гьурщулев, гIенеккарав – бищулев. ja;alew xi - hur&ulew, feneKaraw - bi&ulew. КIанцIани бохх бекулеб борххалъуде вахунге. jan`ani bo{ bekuleb bor{a;ude wa[unge. КIанцIараб гьой лъаларев, къинлъараб гважи лъаларев. jan`arab hoy ;alarew, qin;arab gwa$i ;alarew. КIанцIулаго чахъдал цIцIолъи бихьараб цIцIе белъарабила. jan`ulago xa]dal ~o;i bi%arab ~e be;arabila. КIанцIун вахъунареб бакIалда гIужги багейила, батулареб рагIиги бицунгейила. jan`un wa]unareb bajalda fu$gi bageyila, batulareb rafigi bicungeyila. КIартида асскIоб бухьани, бечеги кьазе ругьунлъулеб. jartida aSjob bu%ani, bexegi pa#e ruhun;uleb. КIарчамаб кьегIер кIиго чахъдада хахулеб. jarxamab pefer jigo xa]dada [a[uleb. КIарчанлъигун кIкIухIаллъиялълъ кIиго лъимер гьабунила, мискинлъиян, хIакъирлъиян цIцIарал гьездаги лъунила. jarxan;igun Ju\al;iya: jigo ;imer habunila, miskin;iyan, \aqir;iyan ~aral he#dagi ;unila. КIвекьмаххгун барщарай, рукIкIенгун кьаллъарай. jwepma{gun bar&aray, ruJengun pal;aray. КIечIезабизе гуребила кIалдиб мацIцI бижун бугеб, чIчIегIералда чIчIегIерабилан, хъахIалда хъахIабилан абизейила. jeze#abi#e gurebila jaldib ma~ bi$un bugeb, Zeferalda Zeferabilan, ]a\alda ]a\abilan abi#eyila. КIиабизе ячарай чIчIужу – кIиабизе тIураб бухIаражо. jiabi#e yaxaray Zu$u - jiabi#e Turab bu\ara$o. КIиабилей чIчIужулъун йикIинегIан, кIицIцIулго хабалI лъейго лълъикIила. jiabiley Zu$u;un yijinefan, ji~ulgo [aba/ ;eygo :ijila. КIиго балагь тIаде ккани, бигьаяб бище. jigo balah Tade Kani, bihayab bi&e. КIиго бетIер рекъани, ункъго кверги хIалтIани, рукъ ццебе тIола. jigo beTer reqani, unqgo kwergi \alTani, ruq Cebe Tola. КIиго бетIергьанчи разияб гуреб даран битIун кколареб. jigo beTerhanxi ra#iyab gureb daran biTun Kolareb. КIиго бутIа – царае, цо бутIа – гIанкIкIие. jigo buTa - caraye, co buTa - fanJiye. КIиго васги нусго гIиги бугев чи цо хIалалда чIчIоларев. jigo wasgi nusgo figi bugew xi co \alalda Zolarew. КIиго гьумер бугев чи кIиго къол нухалълъ довегIан те. jigo humer bugew xi jigo qol nu[a: dowefan te. КIиго гIабдал ургъани, цо гIакъил лIугьунев. jigo fabdal urvani, co faqil /uhunew. КIиго гIанкIкIида ххадув вортани, цонигияб щвечIого ххутIулевила. jigo fanJida {aduw wortani, conigiyab &wezogo {uTulewila. КIиго жо цого заманалда цого бакIалда букIунареб. jigo $o cogo #amanalda cogo bajalda bujunareb. КIиго кьибил кьаллъани, кьвагьи цIакъаб букIуна, гебегараб кьалулIе кьун ятана инссуцца. jigo pibil pal;ani, pwahi `aqab bujuna, gebegarab palu/e pun yatana inSuCa. КIиго рокъов къаличехь. jigo roqow qalixe%. КIиго ххарил квацIиялълъул кинаб тIасса бищилебали лъачIого, хIама бакъуцца хварабила. jigo {aril kwa`iya:ul kinab TaSa bi&ilebali ;azogo, \ama baquCa [warabila. КIиго ххиял гьабуни, бахIарчи вахъунарев. jigo {iyal habuni, ba\arxi wa]unarew. КIиго хъалияналдасса цIа гъезе кIиго хъинтIулеб гIучI хIажалъулев тIокIелчи жиндие данде кколарилан абурабила хIалтIизе восеян вачIарав гIолохъанчияссда Бакуб нартил бетIергьан Нагъицца. jigo ]aliyanaldaSa `a ve#e jigo ]inTuleb fuz \a$a;ulew Tojelxi $indiye dande Kolarilan aburabila \alTi#e woseyan wazaraw folo]anxiyaSda bakub nartil beTerhan naviCa. КIиго тIоноцIцI бугев чияссеги унге, бер гьитIинай чIчIужуги ячунге. jigo Tono~ bugew xiyaSe unge, ber hiTinay Zu$ugi yaxunge. КIиго чи бергьараб даран букIунареб, тIад чи кIалъалареб ригьин букIунареб. jigo xi berharab daran bujunareb, Tad xi ja;alareb rihin bujunareb. КIиго чи бергьараб рагъ букIунареб, кIиго чи бергьараб даран букIунареб. jigo xi berharab rav bujunareb, jigo xi berharab daran bujunareb. КIиго чи данде гъуни, гъветI чIчIезе кколеб. jigo xi dande vuni, vweT Ze#e Koleb. КIиго чIчIужу йигессул рукъ лълъухьичIого ххутIараб. jigo Zu$u yigeSul ruq :u%ixogo {uTarab. КIиго чIчIужу – кIиго тушман. jigo Zu$u - jigo tu^man. КIиго шагьидахъ цо шагьи босарав чи – цо ургъалихъ кIиго ургъел босарав чи. jigo ^ahida] co ^ahi bosaraw xi - co urvali] jigo urvel bosaraw xi. КIиго чIчIужу ячине бацI те. jigo Zu$u yaxine ba` te. ГIадамаз бацI ккун буго. Гьелълъие гьабизессеб тамихIалде ургъулел рукIун руго. ЧIван лълъикI, гъоркье реххун лълъикI, бакъуцца хвезабун лълъикI, бухIун хIурудахъ биччан лълъикIан, жинди-жиндир пикру бицун, киналго кIалъан рахъараб меххалълъ, цо херав чиясс абун буго. fadama# ba` Kun bugo. he:iye habi#eSeb tami\alde urvulel rujun rugo. zwan :ij, vorpe re{un :ij, baquCa [we#abun :ij, bu\un \uruda] biXan :ijan, $indi-$indir _ikru bicun, kinalgo ja;an ra]arab me{a:, co [eraw xiyaS abun bugo. - БацIие гIазаб кьезе нужее бокьун батани, гьелълъие кIиго чIчIужу яче. - ba`iye fa#ab pe#e nu$eye bopun batani, he:iye jigo Zu$u yaxe. Цо жамагIатчияссе цIакъ бокьун букIун буго радакь мажгиталълъуре какал разе рачIунел цогидал жамагIатчагIаздасса живго ццеве ккезе. Цо чияссни гьев ццеве ккезе тун гьечIо. КигIан ххеххго гьав вахъаниги, гьассдасса гьев чи ццеве щун ватулев вукIун вуго. Чара хварав чиясс гьессда гьикъун буго. co $amafatxiyaSe `aq bopun bujun bugo radap ma$gita:ure kakal ra#e razunel cogidal $amafatxafa#daSa $iwgo Cewe Ke#e. co xiyaSni hew Cewe Ke#e tun hezo. kifan {e{go haw wa]anigi, haSdaSa hew xi Cewe &un watulew wujun wugo. xara [waraw xiyaS heSda hiqun bugo. - Дун кигIан ххеххго вахъаниги, мажгиталде мун ццеве кколеб къагIида щиб? - dun kifan {e{go wa]anigi, ma$gitalde mun Cewe Koleb qafida &ib? - Дур кIиго чIчIужу гьечIохха, гьудул, дир йиголъун. Дидасса ццере рахъуна гьел тIаде, цоялълъ какие чуризе лълъим гIетIизабула, цогиялълъ гулгун, тIарсс ццебе лъола, ретIел-хьит хIадур гьабула. Гьеле гьедин ккола дун киназдассаго ццеве, - ян жаваб кьун буго дандиясс. - dur jigo Zu$u hezo{a, hudul, dir yigo;un. didaSa Cere ra]una hel Tade, coya: kakiye xuri#e :im feTi#abula, cogiya: gulgun, TarS Cebe ;ola, reTel-%it \adur habula. hele hedin Kola dun kina#daSago Cewe, - yan $awab pun bugo dandeyaS. - ВахI! Гьединищхха иш букIараб! Гьав балъго гьоцIцIо чIчIикIулев вукIун вуго! – ян, вахъун гьассги ячун йиго цоги чIчIужу. - wa\! hedini&{a i^ bujarab! haw ba;go ho~o Zijulew wujun wugo! - yan, wa]un haSgi yaxun yigo cogi Zu$u. Рагъун руго руччаби, рагъун руго. ХъахIаб дуниял чIчIегIерлъун буго. Гьасс байбихьун буго, цоцазул гьан кунел рукIаян руччабиги тун, къассиквен кIалдибе тIерхьарабго, мажгиталълъуве лIутизе. ravun rugo ruXabi, ravun rugo. ]a\ab duniyal Zefer;un bugo. haS baybi%un bugo, coca#ul han kunel rujayan ruXabigi tun, qaSikwen jaldibe Ter%arabgo, ma$gita:uwe /uti#e. - БихьичIессда бихьизе рохьдомухъалълъ билълъагиянищ, гьудул, дуцца дун гьаб балагьалда гьоркьове тIамурав? – ан бадибчIвай гьабун буго гьасс дандеяссе. - bi%izeSda bi%i#e ro%domu]a: bi:agiyani&, hudul, duCa dun hab balahalda horpowe Tamuraw? - an badibzway habun bugo haS dandeyaSe. - Гуро! – ян жаваб кьун буго гьесс. – Дуе бокьун букIана мажгиталълъуве цогидассдасса ццеве ккезе. Кколеб куц диццаги малълъана дуда. - guro! - yan $awab pun bugo heS. - duye bopun bujana ma$gita:uwe cogidaSdaSa Cewe Ke#e. Koleb kuc diCagi ma:ana duda. КIигояв вагъани, гIайиб цIцIодорассда букIунеб. jigoyaw wavani, fayib ~odoraSda bujuneb. КIигояв къаццандани, гIайиб кIудияссдайила. jigoyaw qaCandani, fayib judiyaSdayila. КIигояссда гурони лъалареб балъголъи букIунаребила. jogoyaSda guroni ;alareb ba;go;i bujunarebila. КIилълъилалълъул гьин гуро, ГьетIарассул си гуро. ji:ila:ul hin guro, heTaraSul si guro. КIилълъилай йиго ххунздерил ццеегоссей бика, ГьетIаравги вуго гьелълъул бодул бетIер. Кици хIалтIизабула гьедигIан берцинаб, тIокIаб букIине ккеларилан абураб магIнаялда. ji:ilay yigo {un#deril CeyegoSey bika, heTarawgi wugo he:ul bodul beTer. kici \alTi#abula hedifan bercinab, Tojab bujine Kelarilan aburab mafnayalda. КIицIцIул кIанцIун, кIкIал бахунареб. ji~ul jan`un, Jal ba[unareb. КIицIцIул ургъа, цин абе (анкьцIцIул борце, цин къотIе). ji~ul urva, cin abe (anp~ul borce, cin qoTe). КIицIцIул чи холарев, рухI цин гурони бахъулареб. ji~ul xi [olarew, ru\ cin guroni ba]ulareb. КIиябго бер беццасс цояб бер беццассда «Беццук! Беццук!» - илан абурабила. jiyabgo ber beCaS coyab ber beCaSda «beCuk! beCuk!» - ilan aburabila. КIиябго бералда чияр лъимал рихьараб меххалълъ, цояб бералданиги нилIерго лъималги рихьизе кколел. jiyabgo beralda xiyar ;imal ri%arab me{a:, coyab beraldanigi ni/ergo ;imalgi ri%i#e Kolel. КIиябго бералълъул данде ккечIогойила гьоркьоб мегIер бижараб. jiyabgo bera:ul dande Kezogoyila horpob mefer bi$arab. КIиябго квер кодобе кьурассда божуге. jiyabgo kwer kodobe puraSda bo$uge. КIияздаго гIайиб гьечIого, кIиго чи къаццандуларо. jiya#dago fayib hezogo, jigo xi qaCandularo. КIодолъиялде вахине бокьарасс гьитIинавги кIодо гьавула. jodo;iyalde wa[ine boparaS hiTinawgi jodo hawula. КIудияб бакI кквезе ккани, кIудияб гIакълуги къваригIунеб. judiyab baj Kwe#e Kani, judiyab faqlugi qwarifuneb. КIудияб вагIзаялдасса гьитIинаб мисалалълъул пайда цIцIикIкIараб. judiyab waf#ayaldaSa hiTinab misala:ul _ayda ~iJarab. КIудияб гъветI гьитIинаб хIапароялълъги реххулеб. judiyab vweT hiTinab \a_aroya:gi re{uleb. КIудияб гъотIол кьалбалги риццатал. judiyab voTol palbalgi riCatal. КIудияб гъотIол рагIадги кIудияб букIунеб. judiyab voTol rafadgi judiyab bujuneb. КIудияб гьецIцIо гьитIинаб квартIицца бекулеб. judiyab he~o hiTinab kwarTiCa bekuleb. КIудияб гIарзаялдасса гьитIинаб хIалтIи лълъикIабила. judiyab far#ayaldaSa hiTinab \alTi :ijabila. КIудияб дармидасса воххаги. judiyab darmidaSa wo{agi. КIудияб оцоцца рахъ кIудияб цIцIалеб. judiyab ocoCa ra] judiyab ~aleb. КIудияб рагъалдасса гьитIинаб рекъелго лълъикIила. judiyab ravaldaSa hiTinab reqelgo :ijila. КIудияб раса хъвагIани, гурга кIудияб лIугьуна. judiyab rasa ]wafani, gurga judiyab /uhuna. КIудияб рокьи – кIудияб гIазаб. judiyab ropi - judiyab fa#ab. КIудияб рокьиги кIудияб ццимги цого жойила, кIиялълъулго къуватги бащадабила. judiyab ropigi judiyab Cimgi cogo $oyila, jiya:ulgo quwatgi ba&adabila. КIудияб росдал рагIалда лълъикIаб, гьитIинаб росдал бакьулI лълъикIаб. judiyab rosdal rafalda :ijab, hiTinab rosdal bapu/ :ijab. Кици буго рукъалълъул хIакъалълъулI. КIудияб росдал бакьулI бугеб мина магъдасса, мегIер-гIалаххалдасса рикIкIалъула. ГьитIинаб росдал бакьулI рукъ букIунилан гьединаб рикIкIалъи кколаро. Гьелда тIадеги, росу бакьулI бугеб рукъ цIунараб букIана некIо гьитIинал росабазе гьабулеб букIараб гъараялдассаги. kici bugo ruqa:ul \aqa:u/. judiyab rosdal bapu/ bugeb mina mavdaSa, mefer-fala{aldaSa riJa;ula. hiTinab rosdal bapu/ ruq bujunilan hedinab riJa;i Kolaro. helda Tadegi, rosu bapu/ bugeb ruq `unarab bujana nejo hiTinal rosaba#e habuleb bujarab varayaldaSagi. КIудияб росулI бичулеб хурги камулареб, холев чиги камуларев. judiyab rosu/ bixuleb [urgi kamulareb, [olew xigi kamularew. КIудияб тIассан биччай, гьитIинаб гъоркьан биччай. judiyab TaSan biXay, hiTinab vorpan biXay. КIудияб хIориниб ччугIаги кIудияб букIунеб. judiyab \orinib Xufagi judiyab bujuneb. КIудиябгIан гIакдацца бечеги кIудияб гьабулебила. judiyabfan fakdaCa bexegi judiyab habulebila. КIудиябгIан гIор гIодобе биччанила чваххулеб. judiyabfan for fodobe biXanila xwa{uleb. КIудияв гIунилан гIадалI гъветI бижиларо. judiyaw funilan fada/ vweT bi$ilaro. КIудияв чи хвани, рукъ бухIулеб, гьитIинав чи хвани, чехь бухIулеб. judiyaw xi [wani, ruq bu\uleb, hiTinaw xi [wani, xe% bu\uleb. КIудиял рагIабазда ххадур кидаго гуро чIахIиял ишал рукIунел. judiyal rafaba#da {adur kidago guro za\iyal i^al rujunel. КIудиял ургъалабаз гьитIинал ургъалаби кьеркьезарула. judiyal urvalaba# hiTinal urvalabi perpe#arula. КIудиясс малълъараб гьабичIони, гьабураб анищан кколеб. judiyaS ma:arab habizoni, haburab ani&an Koleb. КIудияссги рагьулеб рагьдул нуцIцIа, гьитIинассги рагьулеб. judiyaSgi ravuleb rahdul nu~a, hiTinaSgi rahuleb. КIудияссда гьикъарав къосунарев, гьудулассда гьикъарав мекъи кколарев. judiyaSda hiqaraw qosunarew, hudulaSda hiqaraw meqi Kolarew. КIулал раханилан, ххалкъалълъул кIал чIчIолареб. julal ra[anilan, {alqa:ul jal Zolareb. КIурул гулги кверзул зарги гIадин рукIайила. jurul gulgi kwer#ul #argi fadin rujayila. КIусулелълъул гIодове валагье, кIалъалелълъул нахъ валагье. jusule:ul fodowe walahe, ja;ale:ul na] walahe.
- gh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
З # Загьруги лъазабе, гьекъечIого тезе. #ahrugi ;a#abe, heqezogo te#e. ЗагIигIоралълъги хисулебила жиндирго чваххи. #afifora:gi ]isulebila $indirgo xwa{i. ЗагIипассде къавукъунге, къадарав чияссулгун хоноги чIваге. #afi_aSde qawuqunge, qadaraw xiyaSulgun [onogi zwage. Заз баккудассагойила бегIераб букIунеб. #a# baKudaSagoyila beferab bujuneb. Заз бекьани заз бижулеб, унти бекьани толо бижулеб. #a# bepani #a# bi$uleb, unti bepani tolo bi$uleb. Заз, къарассда гурони, унтулареб. #a# qaraSda guroni untulareb. Заз лълъикIабани, заз къине гьабилароан. #a# :ijabani, #a# qine habilaroan. Залим бетIерлъун тани, бол зигара цIцIикIкIуна. #alim beTer;un tani, bol #igara ~iJuna. Залимассе залим гъежда чIчIун ватулевила. #alimaSe #alim ve$da Zun watulewila. Заман букIунебила гIадамазул илбисал лIугьунебги илбисазул гIадамал лIугьунебги. #aman bujunebila fadama#ul ilbisal /uhunebgi ilbisa#ul fadamal /uhunebgi. Заман букIуна боз щоларебги, заман бачIуна дарай гIоларебги. #aman bujuna bo# &olarebgi, #aman bazuna daray folarebgi. Заман щвелалде барщараб пихъ ххеххго турула. #aman &welalde bar&arab _i] {e{go turula. Заман щвелалде гIегIедараб хIелкил бетIер къотIейила. #aman &elalde fefedarab \elkil beTer qoTeyila. Заман щвелалдего чIчIичIчIидичIого, дурго рагIадалълъухъ балагьун, кIалъай. #aman &welaldego ZiZidizogo, durgo rafada:u] balahun, ja;ay. Заманалда бекье, заманалда бакIаре. #amanalda bepe, #amanalda bajare. Заманалда бубудичIогойила бугъа, гIодобги тIамун, хъураб. #amanalda bubudizogoyila buva, fodobgi Tamun, ]urab. Заманалда гьабичIеб гьабичIого ххутIулебила. #amanalda habizeb habizogo {uTulebila. Заманалда рекъонила хьвадизе кколел. #amanalda reqonila %wadi#e Kolel. Заманалълъ чи квегъула, рукьалцца оц квегъула. #amana: xi kwevula, rupalCa oc kwevula. Заназда кьурдуге, майданалда кьурде. #ana#da purduge, maydanalda purde. Зар билани, питначияссул гъванщида нахъа батулебила. #ar bilani, _itnaxiyaSul vwan&ida na]a batulebila. Зар кьабун чи холаро, цин-цинни гьелълъ хвалде рачуна. #ar pabun xi [olaro, cin-cinni he: [walde raxuna. ЗахIмат – бечедаб, хIалхьи – мискинаб. #a\mat - bexedab, \al%i - miskinab. ЗахIмат бихьичIого, мухь Аллагьассги кьолареб. #a\mat bi%izogo, mu% allahaSgi polareb. ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарасс бекьичIого лъилъе, нилъ гьечIого хур. #a\mat bi%izogo, ra\at boparaS bepizogo ;i;e, ni; hezogo [ur. ЗахIмат бихьичIого рахIат букIунареб. #a\mat bi%izogo ra\at bujunareb. ЗахIмат бихьичIого щвараб боцIцIуцца чи гьалаг гьавула. #a\mat bi%izogo &warab bo~uCa xi halag hawula. ЗахIмат бихьун – дуниял, гIамал бихьун – аххират. #a\mat bi%un - duniyal, famal bi%un - a{irat. ЗахIмат гьечIого, хуриб тIор баларо. #a\mat hezogo, [urib Tor balaro. ЗахIматаб хIалтIиги хIалихьатаб тIеххги – дурццассе. #a\matab \alTigi \ali%atab Te{gi - durCaSe. ЗахIматаб – ццебе, бигьаяб – ххадуб. #a\matab - Cebe, bihayab - {adub. ЗахIматалълъ цагъур цIола, цагърицца рукъзал рала. #a\mata: cavur `ola, cavriCa ruq#al rala. ЗахIматалълъ чи хьихьула, кIкIвахIалълъ хвезе гьавула. #a\mata: xi %i%ula, Jwa\a: [we#e hawula. Зигара мадугьалассда базе бигьаяб жойила. #igara maduhalaSda ba#e bihayab $oyila. Зигараялълъеги рахьиялълъеги кватIи букIунареб. #igaraya:egi ra%iya:egi kwaTi bujunareb. Зоб бихьарассда ракь бихьулеб, дуниял бихьарассда хвел бихьулеб. #ob bi%araSda rap bi%uleb, duniyal bi%araSda [wel bi%uleb. Зоб гъугъанщинахъе цIцIад балареб. #ob vuvan&ina]e ~ad balareb. Зоб гъугъачIони, гьаракь бахъунареб, гьури бахъинчIони, гIучI бегулареб. #ob vuvazoni, harap ba]unareb, huri ba]inzoni, fuz begulareb. Зоб гIемер гъугъадани, цIцIад дагьаб бала. #ob femer vuvadani, ~ad dahab bala. Зоб роцIцIадго балеб аххир гьечIеб цIцIад, нилI рацIцIадго лъолел хъубал бугьтанал. #ob ro~adgo baleb a{ir hezeb ~ad, ni/ ra~adgo ;olel ]ubal buhtanal. Зоб ццебе бихьарассда ракьги ццебе бихьаги. #ob Cebe bi%araSda rapgi Cebe bi%agi. Зобалазда кьвагьараб ракьалда тIатарабила. #obala#da pwaharab rapalda Tatarabila. Зобгун ракь рекъаги, цIцIадгун бакъ рекъаги. #obgun rap reqagi, ~adgun baq reqagi. Зодиб цIцIер бугони, ракъдада квач букIунеб. #odib ~er bugoni, raqdada kwax bujuneb. Зодибе мали чIвалареб, ралъдадассан кьо лъолареб. #odibe mali zwalareb, ra;dadaSan po ;olareb. Зодоб бугеб тIавусалдасса кодобе щвараб къадакого лълъикIила. #odob bugeb TawusaldaSa kodobe &warab qadakogo :ijila. Зодоб бугеб цIцIумалдасса гIодоб бугеб чIоролого лълъикIила. #odob bugeb ~umaldaSa fodob bugeb zorologo :ijila. Зодове валагьуге, гIодове валагье. #odowe walahuge, fodowe walahe. Зодоссан рахIмат кьеги, гIодоссан баркат кьеги. #odoSan ra\mat pegi, fodoSan barkat pegi. Зулму гьабуге, мун кьижун вукIуна, дуцца зулму гьабурав ворчIун вукIуна. #ulmu habuge, mun pi$un wujuna, duCa #ulmu haburaw worzun wujuna. Зулмучияссда зулмучи гъеждассан ваккун вукIуневила. #ulmuxiyaSda #ulmuxi ve$daSan waKun wujunewila. Зулмучияссул гIумру къокъаб. #ulmuxiyaSul fumru qoqab Гьеб рагIарасс гIажаиблъи гьабурабила, зулмучияссги гьебгощинаб заман ракьалда тIад щиб гьабун балеб жойила букIунеб. heb rafaraS fa$aib;i haburabila, #ulmuxiyaSgi hebgo&inab #aman rapalda Tad &ib habun baleb $oyila bujuneb. ЦIцIудуда гьикъарабила дуцца чан сон барабилан. Гьелълъ жаваб кьурабила лъабкъого сон банилан. ~ududa hiqarabila duCa xan son barabilan. he: $awab purabila ;abqogo son banilan. Зулмуялълъул си борххалъанагIан, гьенисса вортарассул бохх цIцIикIкIун бекула. #ulmuya:ul si bor{a;anafan, heniSa wortaraSul bo{ ~iJun bekula. Зурмихъан берталълъе гIедегIулевила, дибир хвалил рокъове гIедегIулевила. #urmi]an berta:e fedefulawila, dibir [walil roqowe fedefulewila. Зурма рекъезе – къали, кечI рекъезе – далай. #urma reqe#e - qali, kez reqe#e - dalay.
- xkh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
И i ИгиштIани, ЦIцIалкIитIа «цIцIар рагIарав багьадур!» igi^Tani, ~aljiTa «~ar rafaraw bahadur!» Анссадерил гIоралде ГIинтIилъар кIанцIарабила. anSaderil foralde finTi;ar jan`arabila. Илбисалда абурабила дудасса квешаб жого бугодаян. Илбисалълъги абурабила жиндасса квешав чи хварав какулев чи вугилан. ilbisalda aburabila dudaSa kwe^ab $ogo bugodayan. ilbisa:gi aburabila $indaSa kwe^aw xi [waraw kakulew xi wugilan Иман гьечIеб бакIалда ияхIги букIунареб. iman hezeb bajalda iya\gi bujunareb. Иман щулалъизе ккани, гIелму тIалаб гьабейила. iman &ula;i#e Kani, felmu Talab habeyila. «Инаро» бачарай рокъой ххутIарайила. «inaro» baxaray roqoy {uTarayila. Инаро дун хIорихъе, хIатIазде бакъ щвечIого, галиги бахъиларо, гурга кодой кьечIого. inaro dun \ori]e, \aTa#de baq &wezogo, galigi ba]ilaro, gurga kodoy pezogo. Инелъун бергьараб гIищкъу – саяхълъи, тезелъун гьабураб рокьи – хъахIбалъи. ine;un berharab fi&qu - saya];i, te#e;un haburab ropi - ]a\ba;i. Инжитав чияссул ишалги инжитал рукIуна. in$itaw xiyaSul i^algi in$ital rujuna. Инжилъун гIадамазда гьоркьов вукIинегIан, хIамалъун гьирикьго лълъикIила. in$i;un fadama#da horpow wujinefan, \ama;un hiripgo :ijila. Инсан вахараб борххалъиялда бараб букIунила гьессда бихьулеб майданалълъул гIатIилъи. insan wa[arab bor{a;iyalda barab bujunila heSda bi%uleb maydana:ul faTi;i. Инсанасс щибго хIехьолебила, ракъи хIехьоларебила. insanaS &ibgo \e%olebila, raqi \e%olerebila. Инсан жиндир заманалда релълъаравила вукIунев. insan $indir #amanalda re:arawila wujunew. Инсанассул жавабалълъ жиндир гIакълу борцуна, калам къокъаб бугони, къимат цIцIикIкIун гьабула. inasanaSul $awaba: $indir faqlu borcuna, kalam qoqab bugoni, qimat ~iJun habula. Инсанассул кIалдиб мацIцI рекIараб ххвалчен буго, кIалдиссан пулеб гьури гьалаглъулеб чIор буго. insanaSul jaldib ma~ rejarab {walxen bugo, jaldiSan _uleb huri halag;uleb zor bugo. Инсанассул черхх бетIергьанчиясс бачухъе билълъунеб жойила. insanaSul xer{ beTerhanxiyaS baxu]e bi:uneb $oyila. Инсанассул яхI – мугъ чIвалеб ссангар, гIадамассул кIкIвахI – бохх ккураб лангар. insanaSul ya\ - muv zwaleb Sangar, fadamaSul Jwa\ - bo{ Kurab langar. Инссудасса вас цIцIодорав лIугьин – роххелила, ваццассдасса вацц цIцIодорав лIугьин – жахIдайила. inSudaSa was ~odoraw /uhin - ro{elila, waCaSdaSa waC ~odoraw /uhin - $a\dayila. Инссудасса чIухIарав вас гIемерав вукIуна, чIарбида эмен лъедал, чияр цIцIобалде кколев. inSudaSa zu\araw was femeraw wujuna, zarbida emen ;edal, xiyar ~obalde Kolew. Инссул къадруялда чIчIа. inSul qadruyalda Za. Гьеб букIана мискинзаби кидаго мискин рукIа, къуралги кидаго къунги хунги рукIаян абулел абадиялълъ тIалъи жидеего бокьаразул аби. Гьеб мурад цIунун рижарал рукIана «ЛълъикIлъи хIехьезе аххтачодаги хханассул васассдаги гурони кIоларо», «АхIун вачун, бачавехь таххбакIалда толаро» гIадал кицаби. «БукIинчIеб рокъоб рекъечIеб бетIергьанчихвад» гIадал абиялги. heb bujana miskin#abi kidago miskin ruja, quralgi kidago qungi [ungi rujayan abulel abadiya:gi Ta;i $ideyego bopara#ul abi. heb murad `unun ri$aral rujana «:ij;i \e%e#e a{taxodagi {anaSul wasaSdagi guroni jolaro», «a\un waxun ta{bajalda tolaro» fadal kicabi. « bujinzeb roqob reqezeb beTerhanxi[wad » fadal abiyalgi. Инссул сагIадат бихьун, васассе къимат кьоге. inSul safadat bi%un, wasaSe qimat poge. Инссул сагIадаталълъул васассе ххайир гьечIо, жиндир сияразухъе ссурукълъи ккун батани. inSul safadata:ul wasaSe {ayir hezo, $indir siyara#u]e Suruq;i Kun batani. Инссул ццин цаххбиниб. Налъи холареб, би бакъвалареб. inSul Cin ca{binib. na;i [olareb, bi baqwalareb. Бицен буго. Васассул эмен чияцца чIван вукIун вуго, гьев эбелалълъ гьавилалдего. Бидулав херлъун вуго, вас гIун вачIун вуго. ГодекIанир ихдалил бакъалда курмул роркьулел рукIун руго херал чагIи. Дагьал дорегIан маххссаро-ххочIалда, цоцазул мугжул кIкIвалел рукIун руго гIолохъабиги. Цо херав чиясс гIолохъабазда жиндир гъоркьамегеж кIкIваян абун буго. Жинцца кIкIвалилан, дов эмен чIвараб меххалълъ ургьив вукIарав васасс нус кодобе босун буго. Мегеж кIкIвалеб меххалълъ, гьесс гьикъун буго - «КIудияв чи, бидуе хъукьлъи букIунебищ?» – ан. Гъоссги жаваб кьун буго букIунарилан. «Ма, букIунареб батани!» – ян васассги эмен чIварав чияссул бидул гIор биччан буго. bicen bugo. wasaSul emen xiyaCa zwan wujun wugo, hew ebela: hawilalde. bidulaw [er;un wugo, was fun wazun wugo. godejanir i[dalil baqalda kurmul rorpulel rujun rugo [eral xafi. dahal dorefan ma{Saro-{ozalda, coca#ul mug$ul Jwalel rujun rugo folo]abi. co [eraw xiyaS folo]aba#da $indir vorpamege$ Jwayan abun bugo. $inCa Jwalilan, dow emen zwarab me{a: urhiw wujaraw wasaS nus kodobe bosun bugo. mege$ Jwaleb me{a:, heS hiqun bugo - «judiyaw xi, biduye ]up;i bujunebi&?» - an. voSgi $awab pun bugo bujunarilan. «ma, bujunareb batani!» - yan wasaSgi emen zwaraw xiyaSul bidul for biXan bugo. Умумузул гьал кицаби руго инсан гьечIел питнабазде ахIулел кIалзул гIарадаби. РукIун руго питнаби цо кIалъараб кIалалълъ рикIкIен гьечIел биял гIодоре тIуралги. РецIелалълъе цIцIараб заман букIинчIо, гьелълъул гIорхъи букIана ссанагIат рекъараб къо. umumu#ul hal kicabi rugo insan hezel _itnaba#de a\ulel jal#ul faradabi. rujun rugo _itnabi co ja;arab jala: riJen hezel biyal fodore Turalgi. re`ela:e ~arab #aman bujinzo, he:ul for]i bujana Sanafat reqarab qo. Инссухъ ралагьун, васги лъалевила, васассухъ ралагьун, эменги лъалевила. inSu] ralahun, wasgi ;alewali, wasaSu] ralahun, emengi ;alewila. Инссухъ ралагьун, яс кье, эбелалълъухъ ралагьун, яс яче. inSu] ralahun, yas pe, ebela:u] ralahun, yas yaxe. ИнчIевани лъаргIиве, лъачIевани Магьдида. inzewani ;arfiwe, ;azewani mahdida. ИнчIого къоги беццуге, вихьичIого чиги веццуге. inzogo qogi beCuge, wi%izogo xigi beCuge. ИнчIого ххаселги беццуге, хвечIого нуцалчиги веццуге. inzogo {aselgi beCuge, [wezogo nucalxigi weCuge. Инссуда малълъаруге, гьесс малълъараб гьабе. inSuda ma:aruge, heS ma:arab habe. Инссуеги лъимал жиндиего жо кьолел рокьулел. inSuyegi ;imal $indiyego $o polel ropulel. Инссул адаб тарав васассдассаги цIунаги, къо ккедал ватуларев ваццассдассаги цIунаги. inSul adab taraw wasaSdaSagi `unagi, qo Kedal watularew waCaSdaSagi `unagi. Инссул боцIцIуцца гьаглъарассдассан пайда бахунареб. inSul bo~uCa hag;araSdaSan _ayda ba[unareb. Инссул гьоболги тоге, эбелаб нухги тоге. inSul hobolgi toge, ebelab nu[gi toge. Инссул гIамал гьечIев вас ватуларо, бацIил гIамал гьечIеб тIинчI букIунаро. inSul famal hezew was watularo, ba`il famal hezeb Tinz bujunaro. Инссул кIал чIвазе раскIил кIиго ругIел гIолеб. inSul jal zwa#e rasjil jigo rufel foleb. Инссул малълъ босуларев вас лIугьунгеги, эбелалдасса бергьарай яс лIугьунгеги. inSul ma: bosularew was /uhungegi, ebelaldaSa berharay yas /uhungegi. Инссул нигIматал кунелълъул, эменги кIочон тоге. inSul nifmatal kune:ul, emengi joxon toge. Инссул нухдассанила васги унев (инссул квартIа-гъецI босуларев вас вукIунарев). inSul nu[daSanila wasgi unew (inSul kwarTa-ve` bosularew was wujunarew). Инссул рател бичарасс бачаго хIал росула. inSul ratel bixaraS baxago \al rosula. Инссул рокьи ккун, васассе ячарайила, эбелалълъул рокьи ккун, яс кьурайила. inSul ropi Kun, wasaSe yaxarayila, ebela:ul ropi Kun, yas purayila. Инссул росу тарассда лълъикIаб къо бихьуларо. inSul rosu taraSda :ijab qo bi%ularo. «Инссул рукъбугьадил орорго ражидул букIун буго!» – ян абурабила гIандиссесс. «inSul ruqbuhadil ororgo ra$idul bujun bugo!» - yan aburabila fandiSeS. Инссул ххам бугони, гурдал ххалатал, рокъоб хханжу бугони, ххинкIал чIахIиял. inSul {am bugoni, gurdal {alatal, roqob {an$u bugoni, {injal za\iyal. Инссул цIцIар – васассе, росдал цIцIар – киназего. inSul ~ar - wasaSe, rosdal ~ar - kina#ego. Инссуцца бекьараб васасс лъилъулеб. inSuCa beparab wasaS ;i;uleb. Инссуцца ххер бичани, васасс хур бичулеб. inSuCa {er bixani, wasaS [ur bixuleb. Инссуцца соно квани, лъималазул цаби секколел. inSuCa sono kwani, ;imala#ul cabi seKolel. ИнчIого, хвечIого чияссул къимат лъаларебила. inzogo, [wezogo xiyaSul qimat ;alarebila. Ирс бикьулелълъул гьоркьов ххутIарав. irs bipule:ul horpow {uTaraw. Ирсалълъе щвараб гъамасс цIураб меседалдасса васассул кверзул маххщел бергьунебила. irsa:e &warab vamaS `urab mesedaldaSa wasaSul kwer#ul ma{&el berhunebila. Исана сон савуд хварабгIаги. isana son sawud [warabfagi. Исана тIад восила, тIадеялълъул лълъим лъала. isana Tad wosila, Tadeya:ul :im ;ala. Кици гIунтIизабула Авар гIоралълъ вас восун арай ГьидалIа эбелалде. Эбелалда вихьун вуго гIоралда тIад восун жиндирго лълъим лъаларев вас. Йоххизеги йоххун эбелалълъ гьал рагIаби абун руго. Гьеб магIнаялдани гуро жакъа гьеб кици хIалтIизабулеб. Гьеб хIалтIизабула «Инсан ццевеххун цойидассан унаро, дагь-дагьккун уна» абураб магIнаялда. kici funTi#abula awar fora: was wosun aray hida/a ebelalde. ebelalda wi%un wugo foralda Tad wosun $indirgo :im ;alarew was. yo{i#egi yo{un ebela: hal rafabi abun rugo. heb mafnayaldagi guro $aqa heb kici \alTi#abuleb. heb \alTi#abula «insan Cewe{un coyidaSan unaro, dah-dahKun una» aburab mafnayalda. Исхъалидул чухъида хъабарча бащалъиларо. is]alidul xu]ida ]abarxa ba&a;ilaro. Итни къо къоялгун шагьадулеб. itni qo qoyalgun ^ahaduleb. Их бащалъизегIан божи бугеб хур тоге. i[ ba&a;i#efan bo$i bugeb [ur toge. Их лълъамалъичIони, лълъидир бакъвалъулареб. i[ :ama;izoni, :idir baqwa;ulareb. Ихдал гьури – гьанал барти. i[dal huri - hanal barti. Ихдал нилIецца кьолеб, ххаслихъе нилIее кьолеб. i[dal ni/eCa poleb, {asli]e ni/eye poleb. Ихдал хур реххун тоге, ххасало рукъ реххун тоге. i[dal [ur re{un toge, {asalo ruq re{un toge. Ихдал хурибе бачIони, ххаслихъе цагъринибе балареб. i[dal [uribe bazoni, {asli]e cavrinibe balareb. Ихдал хIама къинлъугеги, хIалтIулI чIчIужу къинлъугеги. i[dal \ama qin;ugegi, \alTu/ Zu$u qin;ugegi. Ихдалил къо – къоролалълъул ракI. i[dalil qo - qorola:ul raj. Ихдалил къоялдаги къадарав бихьинчияссдаги божизе бегьуларел. i[dalil qoyalgi qadaraw bi%inxiyaSdagi bo$i#e behularel. Ихдалил къоялълъ лъагIалицца кваназарулел. i[dalil qoya: ;afaliCa kwana#arulel. Ихдалил лълъалъ – карае, ххасалил лълъалъ – кьолбое. i[dalil :a; - karaye, {asalil :a; - polboye. Ицц бацIцIадаб бугони, гIорги бацIцIадаб букIуна. iC ba~adab bugoni, forgi ba~adab bujuna. Иццул бетIералда гурони, тIокIкIараб лълъим букIунареб. iCul beTeralda guroni, ToJarab :im bujunareb. Иццул лълъим щоларелълъуб лъарал лълъимги – иццул лълъим. iCul :im &olare:ub ;aral :imgi - iCul :im. ИчIгоялълъ гьабе, лъабгоялълъ кванай. ixgoya: habe, ;abgoya: kwanay. Иш лъалев анцIгояссдасса хIалтIулев цо чи лълъикIав. i^ ;alew an`goyaSdaSa \alTulew co xi :ijaw. ИяхI баччулаго, хIулун тIагIарав, хварал рукъулаго, вакъуцца хварав. iya\ baXulago, \ulun Tafaraw, [waral ruqulago, waquCa [waraw. ИяхI бугев цин хола, къадарав кIицIцIул хола. iya\ bugew cin [ola, qadaraw ji~ul [ola. ИяхI гьечIого хьвадарассе – дуниял гIатIидаб жо. iya\ hezogo %wadaraSe - duniyal faTidab $o. ИяхI лъолелълъуб чед лъурав, чохьохъ чIахъен бичарав. iya\ ;ole:ub xed ;uraw, xo%o] za]en bixaraw. ИяхIги хIалихьалъиги хабалIеги цадахъ билълъунеб. iya\gi \ali%a;igi [aba/egi cada] ni:uneb. Йихьизе берцинай лълъикIай, ятизе гIакъилай лълъикIай. yi%i#e bercinay :ijay, yati#e faqilay :ijay. Йокьизеялдасса рихине захIматабила. yopi#eyaldaSa ri[ine #a\matabila. Йокьанщинай ясги щоларей, бицанщинаб рагIиги батулареб. yopan&inay yasgi &olarey, bican&inab rafigi batulareb. Йихьугеги, рагIугеги, дида гурхIаралда Аллагь гурхIаги! yi%ugegi, rafugegi, dida gur\aralda allah gur\agi! Йокьуларей лълъади – бокьулареб квен. yopularey :adi - bopulareb kwen.