top of page

ХЪАП БИХХУН, ХХУЛЖАЛ ГЬАРИЛААН

Кире аралали лъачӀого ххулжал тӀагӀун ратанила цо нухалда Мала Нассрудинил. Ваккичӏеб бак течӀила, кирго ратичӀила. Рузман къоялда мажгиталълъуве вилълъанила гьев, гьенибгӀаги цӀеххелин жиндир ххулжал росарав чи гьечӀищали.

Какалги ран, гӀадамал рокъо-рокъоре ине лӏугьаралго, Мала Нассрудиницца абунила:

- Ле, диналълъул ваццал, цо дагьаб меххалълъ лъалхъе, нужеда абизе жо буго дир. Дагьал ццерегӀан къояз дир рокъосса рикъун ун руго ххулжал. Гьел дие цӀакъ къваригӀуна, гьанив нужеда гьоркьов гьел росарав чи вукӀине ккола. Лъабго къоялълъул болжалалда жанир гьел дир ххулжал нахъруссинаричӀони, цинги нужецца дида гӀайиб гьабуге. Гьебмеххалда дицца дидаго лъараб гьабизе буго, - ян.

Гьарарабги хьамурабги жо чӀчӏолев чи вугин гьав Мала Нассрудин, щиб лъалеб, цо кӀудияб балагь бачӀинеги бегьулин гьассул гьал ххулжал сабаблъун дидеян ракӀалдеги ккун, гьел рикъун рукӀарав цо гӀолохъанчиясс, къасси чи кьижараб меххалда, Мала Нассрудинил азбаралде реххун танила ххулжал.

Радал вахъарав Мала Нассрудиницца воххуцца холаго нахъе росанила гьел, кигӀан лълъикӀ ккана ратиянги абун.

Ххадуссеб анкьицца рузманалде вилълъанила гъов, Мала Нассрудинил ххулжал рикъун рукӀарав гӀолохъанчи, щиб ххабардай буго нахъе реххарал ххулжазулан лъазе. Щванила мажгиталълъуве. Рузманги бан, нахъе унел ругила гӀадамал. ВукӀинего кӀвечӀого гьев цӀцӏогьорасс Мала Нассрудинида гьикъанила:

- Мала Нассрудин, ратаралищ дол дур рикъун ун рукӀарал ххулжал? - ан.

Ратанилан абунила Мала Нассрудиницца.

- Нагагь дол ххулжал нахъе щвечӀого рукӀаралани, щиб гьабизе къассд дур букӀараб, доб дидаго лъараб гьабилаянги абун? - ан цӀехханила гӀолохъанчиясс Мала Нассрудинида.

- БатӀияб жо щиб дицца гьабилеб букӀараб? Дирго ххулжал нахъе щвечӀелани, дида ракӀалда букӀана рокъоб букӀараб цо басрияб хъапги биххун, гьелълъул ххулжал гьаризе, - ян абунила Мала Нассрудиницца. Дицца дидаго лъараб гьабилаян абураб жоялълъулги гьеле гьеб магӀна букӀарабхха!

bottom of page