top of page

БАЗАРГАНГИ МАЛА НАССРУДИНГИ

Жиндирго гӀумруялда Мала Нассрудиницца батӀи-батӀияб хъулухъ гьабун буго. Цо заманалда гьев хӀамалавлъун хӀалтӀулев вукӀанила.

Цо къоялълъ мугъзада хӀамалассул кьилигун Мала Нассрудин анила базаралде. Гьенир гьессда дандчІванила батӀиял улкабаздасса босараб багьа ххирияб гӀемераб цӀцӏоролги, чинидулги къайигун вачӀунев цо бечедав базарган. Гьессие жиндирго багьа ххирияб гьеб цӀарагІ рокъобе баччизабизе хӀамалав хӀажат вугоанила, асскӀовени щвара-щварав хӀамалав тӀадвуссун вачӀунев вукӀанила. Гьабго щибдаян, Мала Нассрудинги вилълъанила асскӀове. Базарганасс абунила Мала Нассрудинида гьаб жиндир къайи рокъобе босиларищан. Мала Нассрудиницца босизе рагӀи кьунила.

Базарганасс абунила:

- Дицца гьаб къайи баччаралълъухъ гӀарац гурохха кьолеб дуе, - ян.

- Щибхха дуцца дие кьелеб аб баччаралълъухъ?

- ЛълъикӀаб лъабго гӀакълу малълъизе буго дуда, абунила базарганасс.

- ТӀоццебессеб гӀакълу дицца малълъила, дуцца гьир мугъзаде бахинабурабго, кӀиабилеб гӀакълуги малълъила, бащдаб нух тарабго, лъабабилебин абуни рокъове щваравго. Рукъги дир гьедигӀан рикӏкӀад гьечӀо базаралдасса.

Гьесс кьолеб кӀиго-лъабго гъуршидасса гӀакълуго лълъикӀилан, Мала Нассрудин разилъанила базарганассул къайи баччун рокъобе щвезабизе.

Баччун къайигун нухда рахъаралго, Мала Нассрудиницца абунила:

- Нилӏер къотӀи букӀана, мугъзаде къайи бахинабурабго, тӀоццебессеб гӀакълу бицине. КъотӀи хвезе тезе бегьуларо.

Базарганасс абунила:

- ЛълъикӀ буго. ГьабсагӀат бицина. Воре, мун киданиги божуге рекӀуналдасса лъелго лълъикӀилан абулев чияссда. Гъоб гьересси буго. Гьеле дуе тӀоццебессеб гӀакълу, - ян.

Мала Нассрудинида бичӀчӀанила жив маххссараде кквезе гьессул къассд букӀин. Цин гьесанила гьев, гьеб бакӀалдаго къайиги реххун тун, ине. Нахъеги хӀукму гьабунила, гьев базарганги тӀад велъизавун, нахъе инарин. Дицца бихьилин аххиралдаги гьессие гьабулеб жоян, баччун гьиргун, вилълъанила. Унел-унел рукӀун, цо заманалдассан Мала Нассрудиницца абунила базарганассда:

- Доб дуцца бицараб цо гӀакълу цӀакъ дир рекӀелӏ рекъана, гьанже нух бащалъуде щун ратилин, кӀиабилебги бицине бегьиларищ? - ан.

ЦӀакъ бегьила, гьале дуе кӀиабилеб гӀакълуги: воре, мун божуге гӀорцӀцӏуналдасса вакъун лълъикӀ букӀунин абулев чияссда. Гьеб гьересси буго, ян абунила базарганасс.

ГӀемераб заманго балелде, щванила базарганассул азбаралде. ТӀасса рукъзабахъе рахунеб болъодул бетӀералде щвараб меххалълъ, Мала Нассрудиницца абунила:

Гьале дур рокъоре щвана, гьанже мугъзадасса гьир гӀодоб лъелалде лъабабилебги бицине ккелахха гъоб гӀакълу, - ян.

Базарганасс абунила:

- Лъабабилеб гӀакълуги дуе гьаб буго: жакъа базаралда рукӀарал тӀолго хӀамалазда гьоркьов дудасса гӀадалав хӀамалав вугин абуни, мун божуге, - ян.

Лъабабилеб гӀакълу базарганасс бицун лӏугӀилалде, болъодул бетӀералдаги чӀчӏун, азбар бакьулӏ речӀчӀанила Мала Нассрудиницца ххирияб цӀцӏоролги чинидулги цӀураб къандалъо, гьадинги абулаго:

- Воре, мунги божуге базарганассул гьагъаб гьирида жаниб цониги бекичӀеб жо ххутӀун бугин абураб рагӀуда. Гьересси буго гьеб, - ан.

Унго-унгоги цониги бекичӀеб жо гьениб букӀинчӀила. АхІделев, чӀичӀидилев ххадув базарганги тун, лӏути бахъинабунила Мала Нассрудиницца.

bottom of page