top of page

РАХЪУХЪИРЩ

ВукӀанила, вукӀинчӀила, цо рахъухъирщ вукӀанила. Гьев вукӀанила, гьару-гьарурал лълъималги хун, бищунго аххиралда гьавурав. Гьединлъидал гьев цӀакъго вокьулаанила, щибниги хӀалтӀи-пишаго малълъичӀого, цӀакъго рахӀаталда тун гӀезавулев вукӀанила.

Гьев вас гӀолохъанчи гӀелалде, эменги хванила, гьев кканила хьихьизе эбелалълъул цӀцӏобалде. Эбелалълъги хьихьун вукӀанила гогьго. Вас кӀудияв гӀунила, гӀолохъанчи лӏугьанила, гьессиени щибго жоялда квер хъвазецин бокьулароанила. Эбелалълъ кьураб квенги кун, гъасстӏа рахъуги хъирщун, рокъосса къватӀивеги вахъунарев, цӀакъ кӀкӏухӀалав чи лӏугьанила гьессул. Гьединлъидал гьессда жиндирго эбелалълъги гӀагарлъиялълъгун авал-къоноялда ругезги Рахъухъирщан абулаанила.

Эбел гьарданила гьессда вахъа, дир вас, къватӀиве, щиб букӀаниги хӀалтӀи-пиша гьабе, гурони диеги захІмалъулеб буго мун хьихьизеян. Щиб эбелалълъ абуниги, Рахъухъирщ рокъосса къватӀиве вахъунароанила.

Аххиралдаги цо кӀалбиччанкъоялълъ эбелалълъ абунила, вахъа, дир вас, авал-къоноялдегӀаги а, багӀарчарал, гӀурччинал, батӀи-батӀиял ханал, гӀемераб бахъухъ, натӀухІ буго гьагъаба, нилӏер кӀалтӀагицин бикьулебан.

Бикьулеб бугилан абураб жоялде хьулалълъ Рахъухъирщ бигьа гьавун кӀалтӀехун вахъанила. Гьев къватӀиве лӏугьинго, эбелалълъ нуцӀцӏаги раханила.

Тӏадвуссун вачӀун, Рахъухъирщ тенканила нуцӀцӏида, гьарданила рагьейин, жаниве виччайин. Щиб гьабуниги, эбелалълъ нуцӀцӏа рагьичӏила. Жаниве виччангутӀи лъараб меххалълъ, васасс эбелалда гьаранила жиндихъе цо къандалъо цӀураб рахъуги, гӀебуги, цӀияб нисуги къватӀибеххун кьеян. Кьунила эбелалълъги. Босун гьебгун, Рахъухъирщ вахъанила сапаралълъ.

Унев, унев вукӀун, нилӏер мегӀер цо тун, чияр мегӀер кӀиго тун, ин бухӀун, дин бухӀун, мухІрал рахъуги нахъе балаго, гьев щванила цо кӀудияб гӀурул рагӀалде. Балагьанила, гӀурул доб рагӀалда вугила цо кӀудияв нартав, чІван гӀодор накабигун, гӀурул лълъим гьекъолев.

Гьанже бухӀанин инссул рукъилан ракӀалде кканила Рахъухъирщида. Гьабилеб щиб? Нахъвуссани, хӀинкаравлъиги лъан, ххадувги вачӀун, гьесс дун квинеги бегьула. Гьабулаго хӀургун, жив гьессда ццевессан вилълъун лълъикӀилан хӀукму гьабунила гьесс. ГӀебуялълъ рахъдал цӀураб къандалъоялда картӀалги рахъун, кӀобокӀизабулаго гьебгун, вилълъун унев вукӀанила гьев. ХӀур букӀанила гьессда ххадуссан бахъунеб. Нартасс гьелда кӀудияб гӀажаиблъи гьабунила, дагьав хӀинкъарав гӀадингицин лӏугьун, гьесс:

- Ле, чи! Мун гьедигӀан цӀакъав ватани, ма гьаб гамачІ къанцӀун, лълъим баккизабизе кІва дуда, - янги абун, гӀурул доб рагӀалдасса гамачІ бачӀанила гьессухъе реххун.

Рахъухъирщицца бахъун таргьиниссаги гамачӀ гӀанаб гӀазухъахӀаб нису къанцӀунила, гьелдасса чваххун лълъим бачӀанила. Ма, балагье дурго лълъим бачӀунеб куц бихьизеян, нартассдеги ахӀанила.

Нартасс гьелда кӀудияб гӀажаиблъи гьабунила. Гьебмеххалда Рахъухъирщ ахІданила гьессде:

- Гьал хӀатӀал риччизаризе бокьун гьечӀого вуго дун, гьаб рахъалдеххунги вачӀун, горбодаги рекӀинавун, дун вачче гьенивеххун, - ан.

ГьебсагӀат вачӀун гӀурул гьаб рахъалдегун, горбода Рахъухъирщги рекӀинавун унаго, нартасс абунила:

- ВахІ, дур тӀадагьлъиго щиб, гъарин, - ан.

- ТӀадагь вукӀинарищхха, дуде хӀал щвеларедухъ, цояб квералълъ зоб ккун бугелълъул дицца, - ян абунила Рахъухъирщицца.

- Биччан те зоб, - илан абунила нартасс.

Гьебмеххалда Рахъухъирщицца, бахъун къватӀибегун, горболӏа жанибе гӀебу къазабунила нартассда.

- Вай, добго зоб кквей цояб квералълъ, ваччизе кӀолев гьечӀо, - ян гьаркьал рорчӀанила нартассул.

Гьедин ун, гьел гӀурул доб рагӀалде рахъанила. Нартасс Рахъухъирщ жиндихъего гьоболлъухъе ахӀанила. ХӀинкъунги вукӀанила гьев, вугониги анила.

Щванила нартассул рокъоре, бугилахха цо кутакаб мина. Рокъове щваравго, нартав лӏугьанила гьессие гьоболлъи гьабизе. Рахъухъирщида тӀадкъанила, цо кӀудияб къоноялда бежизе лъураб чед бухӀиларедухъ, гьелълъухъ балагьизе.

Рахъухъирщида бихьанила бежулеб чадил цояб рахъ, бухӀулеб. Гьеб ссверизабун лъолев вукӀаго, гебегун бачӀун, къоно гьессда тӀад кканила. КигӀан къеркьаниги, багӀарараб къанида гъоркьа ворчӀизе кӀоларого, къеркьолев гьев вугеб заманалда, тӀаде рачӀанила киналго нартал. Гьез гьикъанила щиб ккарабилан.

- Чехь унтун лӏугьун вукӀун, ххинаб къоно лъолев вукӀана, мадар лӏугьинародаян. Гьанже чехьги чӀчӏана, нахъе босе гьеб, — илан абунила Рахъухъирщицца.

Нартаз, киналго речІчӀун, гьессда тӀасса багӀарараб къоноги нахъе босанила, хӀалалълъ тӀадеги вахъун, рокъовехун гьевги вилълъанила.

Киналго нарталги гьевги гӀодор чӀчӏун, квана-гьекъезе лӏугьанила. Гьекъолеб жо ццебесса лӏугӀарабго, нартазул цоясс Рахъухъирщихъе кьунила лъабго-ункъо къали жанибе унеб гӀадаб кӀудияб гел, цинги абунила:

- Вилълъа, вацц, азбаралдеги ун, доба ракьулӏ букъун бугеб кӀудияб чирмакъолонисса гьаб цӀун чагъир босун вачӀа, - ян.

ХӀалалълъ гелги баччун, къватӀивеххун анила Рахъухъирщ, тӀокӀавги жаниве вачӀунев гьечӀила. Щибдай гьессие ккарабилан, нартал рахъанила азбаралде, балагьанила, доб кӀудияб чирмакъали ссверун ракь бухъулев вугила гьев.

- Дуцца гьабулеб жо щиб? - илан гьикъанила нартаз.

- Гьадинаб гьитӀинаб галицца дагьа-дагьаб жо ккун баччулел рукӀинчӀого, гьаб чирмакъали гьадинанго гьенибе босизехъин вуго дун, - илан абунила Рахъухъирщицца.

Ваццазда ракӀалде кканила: «Нижер ичӀго нартасс хӀалихъе чӀобогояб къали ракьулӏе ккезабун букӀана, гьассухъ балагье, чогърол цӀураб гьаб цохӀо жинццаго босизехъин вугев. КигӀан рухІ бугев чидай гьав вуго», - ян.

Нартаз жидеццаго гелги цӀезабун, гьеб жанибе босанила, гьевги вачанила. ГӀодор чӀчӏун, квана-гьекъолаго, цо нартав чинхъанила, нартассул магӀарзукъалахъа бачӀараб гьорол кутакалълъ гьессда дандвитӀун годов чӀчӏун вукӏарав Рахъухъирщ анила мокърукье рахада гьоркьове речӏчӏизавун.

- Ле, мун щиб гьабулев гьенив? - ан гъикъапила нартаз, рахазда гьоркьов къан Рахъухъирщ вихьараб меххалълъ.

- Дун вугеб бакӀалда кин кІвараб дуда чинхъизе? Нагагь, мун цоги чинхъани, дицца дуда гьале гьаб хьон кьабизе бугеб, - ан рукъалда лъун бугеб кӀудияб чалу бихьизабунила Рахъухъирщицца гьезда.

Нартал кутакалда хӀинкъанила. Нижер ичӀавго ваццасс хӀалихъе босун букӀана гьадаб чӀалу рохьосса, гьавин абуни вуго жинцца гьадаб хьоп кьабилилан абун ракӀалде кканила гьезда. Гьез хӀукму гьабунила, аххирги гьав чиясс жидее цо балагь гьабизеги бегьулин, жал сах-саламатго гьанисса нахъе ун лълъикӀилан, ва рахъ-рахъалде ун, нартал Tlarlaнила, мина-мулкги Рахъухъирщие танила.

Бигьа гьавун мокърукьа гӀодовеги рещтӀун, Рахъухъирщ вукӀанила жиндиего щвараб минаялдасса вохун, веххе вилълъун, эххеде вилълъун, къвалакь квералги чІван, азбаралда тира-ссверулев.

Рохьосса гӀебеде лӏутун унев вукӀарав нартазул кӀудияв ваццассда данде кканила Цер. Кин, щибан гьикъидал, нартасс гьелда бицанила гьадин цо къуватав чиги вачӀун, гьесс чІвазехъин рукӀун, лӏутун унел ругин жалин абун.

- Я гъарин, гьев дида лълъикӀ лъалев Рахъухъирщ вуго. Щибниги жо бажарулев чи гьев гуро. Эбелалълъ жиндиего чед балагьизе къватӀиве гъун арав чи вуго гьев. Гьезул тӀолго гӀанкӀаби дицца гурищ рачарал рокъосса. Гьев кӀудияв хӀинкъуч вуго, вилълъа дурго дида цадахъ, дицца бихьила гьессие гьабулеб жо, ян абунила Царацца.

- Дун те, дун те, дун божуларо дуда, дуцца бицанихъеяв чи гуро гьев, ан абунила нартасс.

Цер гьедаранила, гьарданила, аххирги нартасс хӀукму гьабунила нахъвуссине, цинги нагагь царал хӀила батаниян, бачун гьебги бухьанила рачлицца жиндаго.

Рачлида бухьун Цергун, нартазул кӀудияв вацц тӀадвуссун вачӀунев вихьараб меххалълъ, Рахъухъирщ кутакалда хӀинкъанила, гьанжени хӀинкъун дир жо кколариланги абун, гьесс цо хӀила ургъанила гьенибги. Кавудул кӀалтӀе дандеги вилълъун, Рахъухъирщ ахІданила Цараде:

- Гьай, гьерссихъан я, дицца бихьила дуе гьабулеб жо! Дицца дуда абун букӀана ичӀавго вачейин дихъеян, дуццайин абуни цохӀояв вуго вачун вачӀинев! Дие цояв гӀоларо гури! - ян.

Рахъухъирщицца абулеб жо рагӀарабго, нартасс лӏути бахъинабунила, ххадуб бехъерхъун Цергун.

ЛълъикӀалан заманалда квана-гьекъон, кепалдаги вукӀун, аххиралдаги Рахъухъирщицца гьеб минаялде эбелги ячанила, кватӀичӀого жиндиего чӀчӏужуги ячанила. Гьарун лъималгун, аваданаб гӀумруялда гьенив Рахъухъирщги танила, дунги гьениве щванила.

bottom of page