top of page

БАЦІГИ ЦЕРГИ

БацӀилги Царалги цо-цоялълъул кӀи-кӀи тӏинчӏ букӏун буго. Элги данде реххун, дур-дир гьечӀо, нилӏер абун, бугеб жоги дандбан, гьалмагъзабилъун рукӀун руго. Цо къоялълъ чанаре рахъанила ал. Нухда Царацца абунила:

- Нилӏер тӀанчӀи щула гьаричӀого ххутӀун руго. Дун, элги щула гьарун, ххадуб гъела, мун ццебе билълъахха, - ян. Цер нахъбуссун буго. Рокъобе щварабго, Бацӏил тӀанчӏиги кун, БацӀида ххадуб гъун буго. ЦӀакъ къваридго Царацца абунила:

- Нилӏер цо тӀинчӏ камун бугохха, - ян.

- Дурищ, дирищ? - абун буго БацӀицца.

- Дур-дир щиб букӀунеб, дандбан гурищ бугеб пилӏер бугеб щинаб жо? БетӀер кӀудияб камун буго, - ян абунила Царацца.

Чанги щвечӀого, нахъруссун унаго, Царацца Бацида абунила:

- Мун гьеб нухдассан а, дун гьаб нухдассан ина, - ян. Бацӏ рикІкӀадассан балагьизе гьабун буго, чанги щоларищали бихье, бала-гъалагьеян абун.

Жибго ццебе ккезе гӀоло, Цер рокъобе бекерун буго. БацӀил цояб тӀинчІги кун, жиндирго тӀанчӀиги рачун, Цер бусаде лӏугьун чӀчӏун букӀанила. БачӀун буго БацІ. Кир ругел тӀанчӀиян ахІдон буго гьеб. Царацца абунила:

- Гьанир руго, гьанибе бачӀа, - ян. Царал къваридаб картӀиниссан ине лӏугьараб БацІ къан ххутӀун буго.

Цараца жанисан ахӀанила:

- Жаниссан гӀатӀидаб буго, дагьабги цуй, кӀоларищали бихье, - ян.

БацӀицца дагьабги цун буго, жеги кутакалда къан буго. Я нахъехун, я ццебеххун бахъизе кӀолароян ахІдон буго БацІ. Цер, цояб картӀинисса къватӀибеги ун, нахъассан БацІ тӀутӀун балеб букӀанила. БацІ ахІдон буго:

- Гьалмагъзаби гурищ рукӀарал, бегьилищ дун чІвазе, божуда рекӏкІ гьабизе, - ян.

Царацца жаваб гьабунила:

- Мун чІвалеб гьечӀо, къватӀибе бахъулеб буго. Гьан тамахлъун, тӀутӀун бачӀунеб буго. Божи буго, къураб жоялълъул бергьараб жоялълъулгун, къураб бергьинегӀан, ссверел ккезегӀан букӀунеб жо, - ян.

Гьеб куцалда чІван, Царацца кун буго БацІ.

bottom of page