top of page

Церги чакъалги

 

Цо нухалълъ щивниги чи гьечIеб нухдасса гIебеде церги чакъалги рекерун унел рукIун руго. Чакъалалълъ царада гьикъун буго:

– Кинал батIи-батIиял гIелмаби дуцца цIцӏаларалали бицинарищ, дир ххирияб цер? – абун.

– Дицца бащдаб гурони гIелму цIцӏаличIо. Дуцца чан цIцӏалараб? – илан гьикъун буго царацца.

– Диццани кIигогин бащдаб цIцӏалана! – ян царае жавабги кьун, жибго жиндиего гIураб къагIидаялда белъанхъун буго чакъал.

– Гьедин батани, мун дидасса гIакълу бугеб рагIулахха, нухда мун дидасса ццебе-ццебе букIине ккола, – ян сихIираб къагIидаялда малълъун буго царацца.

Гьел рикIкIаде рекерун унел рукIун руго, нухда гьезда данде цо бакъараб гъалбацI лӏугьун бачIун буго. Гьениб царацца чакъалалда абун буго:

– Гьа, ххеххго цо кинаб бугониги сихIруялълъе ургъе, гурони гъалбацIалълъ нилӏ кIиялго чIвазе руго! – абун.

Чакъал царада гьардезе лӏугьун буго:

– Кинаб бугониги сихIру ургъизе дида кIолеб гьечIо. Дудаги ххвассар гьаризе кIвечIони, гьанже нилӏеда тIаде хвалил сагIат гIунтIана! – абун.

– Бихьулищ кинаб гIакълуялълъул бетIергьан мун бугеб? – ан абун буго царацца гьелда. – Биччантехха гьанже дунниги ццебе!

Гьел рагIабиги абун, цер, чакъалалда ццебеххунги лӏугьун, гъалбацIидеххун гьадин кIалъан буго:

– Къуват цIцӏикIкIараб гъалбацI, Аллагьасс дур гIумру ххалат гьабеги! Гьарула дуда, нижер дагIбаялълъе хIукму къотIеян!

– Ххеххго бице! – ян ццидахъего кIалъан буго гьеб, гьел гIалхул хIайваназде берги щвезабун ва кинабдай гьезул тIоццебе кванан лълъикIилан ракIалдеги ккун.

– Нижецца ккун буго кIиго хIелекоги цо гIанкIудал тIинчIги, гьел сабаблъун нижеда гьоркьоб дагIба ккун буго. Дицца абулеб буго хIелкал дие рукIине кколилан, чакъалалълъейин абуни гьел жиндиего рокьун руго.

КIалги бацIцIунаго гъалбацIалълъ абун буго:

– Кирхха ругел гьел нужер хIелкал? – абун.

– Гьале гьанир, гIемер рикIкIад гьечIеб нохъода руго.

– Балагьея, дир гьудул цер, гьел хIелказухъ дунго балагьичIого жо ккезе гьечIо. ХIукму къотIизегIан ццебе гьел дидаги рихьизе ккела. Гьединлъидал нилӏ рилълъинин гьел ругел нохъоде, – ян абун буго гъалбацIалълъ, тIагIам бугеб къадикванил ццебеккунго рекIелӏе рахIатги бачIун.

Гьелълъухъ балагьизе нохъоде рекерун ун руго гьенисса гIалхул хIайванал. Гьенире щвейгун, гъалбацI жанибе лӏугьине къеркьон буго, каратIни цIакъго гьитIинаб букIиналълъ, жибгоги борчIизе кIвечIого, гьелълъ лъазабун буго:

– Гьа, чакъал, билълъа, жанибеги ун, дуцца хIелкал дихъе къватIире регье! – абун.

БетIер къулун, гъалбацIие икрамги гьабун, чакъал паркъун нохъода жанибе тIерхьун ун буго.

Цо лахIзат ун буго, цойги ун буго, чакъалин абуни, кинго къватIибе баккун гьечIо. Гьаниб царацца абун буго:

– Гьай щайтIан я, жанибени ана, къватIибени бачIунеб гьечIохха мун! Киналго хIелкал дуццаго кванан лӏугIизарулел ратичIонихха, – абун.

ГъалбацIил ццин гьалаглъун буго, жанибеги лӏугьун, хIалихьатаб чакъал къватIибе цIцӏаян лъазабун буго царада. Церги гьебсагIат нохъода жанибе кIанцIун ун буго, цинги гьениб, чакъалалда асскIоб гIодобги чIчӏун, гьелда гьикъун буго:

– Гьа, дур иш кин бугеб, гIакъил? – абун.

Чакъалалда щибго жаваб кьезе кIун гьечIо, гьеб нечон буго. ГъалбацIин абуни царахъ балагьун чIчӏун букIун буго, гIемер меххалълъ балагьун чIчӏеялълъ бизарлъараб гьалълъ цараде гьадин ахIун буго:

– Лe, цер, къватIибе бачӏа! ЧIалгIанин гьанже дида нужехъ балагьун чIчӏезе! – абун.

– КIваричIин, чIчӏун букIа, гьудул! Чакъалалълъулгун дир рекъел ккун буго гьанже, – ян жаваб кьун буго царацца.

bottom of page