﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Чӏухӏараб гӏункӏкӏ
Гьабихъ Гӏункӏкӏ, кетуги гьечӏого, хӏинкъиги гьечӏого, цӏакъ аваданго, ракӏ кӏодого, ццулъун, чӏухӏун букӏун буго. Васассе лълъади бищунго бергьараб жоялълъул гурони ячинаро абун, гьедун буго гьеб. Гьелълъ пикру гьабун буго бакъалдасса бергьараб жо гьечӏо абун. Бакъухъеги ун, Гӏонкӏкӏоцца жиндирго мурад бицун буго. Бакъуцца абун буго, дидасса Накӏкӏ бергьараб буго, гьелълъ дун, ццебеги чӏчӏун, къватӏибе баккизе биччалароян. Ун буго Накӏкӏухъе. Накӏкӏуцца абун буго, дидасса Гьури бергьуна, Гьороцца добе хъамун, гьанибе хъамун, бокьаралълъуб чӏчӏезе толаро дунилан. Ун буго Гьорохъе. Гьороцца абун буго, дидасса Мегӏер бергьунаян. Эб ццебе ккани, дие бокьаралълъубе ине нух щолароян. Ун буго Мегӏерулълъухъе. Мегӏералълъ абун буго, дидасса Гӏункӏкӏ бергьуна, гьелълъ гъоркьан борлӏун, тӏассан борлӏун, аххалъи борлӏун, бетӏер борлӏун, хӏалхьи биччаларого дун унтун бугин. Элълъие гьабизе кӏолеб жо гьечӏого, малълъ къосун буго дун. Боххуцца холаго, бищун бергьараб жо Гӏункӏкӏ букӏун буго абун, Гӏонкӏкӏол ясги ячун, бахӏарал гьарун руго.