top of page

Ц c

1. Ца таралълъ мегIер толеб.

2. Цаби гьечIеб кIал - гьобо гьечIеб гьабирукъ.

3. Цаби лълъикIал Аллагьассго рижарал, гьава лълъикIаб живго гIураб ракьалълъул.

4. Цабзакье гIолареб гIоссокье щвана.

5. Цагъур лълъикIай – чехь лълъикIай, росс лълъикIай – жийго лълъикIай.

6. Цадахъ кваналезда гьикъун, тIаме цIцIам.

7. Царада гьикъарабила дуе дур лълъади кинай йигейилан. Гьелълъ жаваб кьурабила - лълъадул эбел жиндирго россассе кинай йикIарай ятаниги, гьединай йигилан.

8. Царада макьилъги гIанкIуялила рихьулел.

9. Царада ракIалда - гIанкIуял, гIанкIуязда ракIалда - муч.

10. Царае балагьалълъе ккараб жо жиндирго цIцIокойила.

11. Царакьа хIинкъун, лIутиялдасса, цигун вагъун, хвей лълъикI.

12. Царал бикьи къваригIунеб бакIги букIунебила, бацIил бикьи къваригIунеб бакIги букIунебила.

13. Царал кIал гъунани, гъадиццаги букъулебила ракьа.

14. Царал – рукIун, гъадил – бусен.

15. Царахъе щварабги – бацIие, бацIихъе щварабги – бацIие.

16. Царацца бацIида гьикъарабила гьадигIан цIакъ дур габур щиб гьабун биццалъарабилан. БацIицца жаваб кьурабила, жиндирго къваригIелалълъ жибго ун, биццалъанилан.

17. Царацца веццарухъанассул гъвесс кваналаребила.

18. Царацца тIанчIазда гьикъулебила - жинцца нуж лъабго къоялълъищила хьихьилел, лъабго моцIцIалълъищилан. ТIанчIаз жаваб кьолебила - лъабго къоялълъ хьихьеян.

19. Царгъида нахъаги тушман ватулев, чолода нахъаги хъумур батулеб.

20. Цер кибе аниги – рачIчI ххадуб.

21. Цилгун гени кваналареб.

22. Цида релълъарав вукIаниги, гьудул гьудул вуго.

23. Цидул кутакалдасса царал хIила бергьараб.

24. Цин бихьараб – беццаб, кIиабизе бихьараб – рекъаб.

25. Цилгун гени кванаге, гIабдалассулгун маххссара гьабуге.

26. Цин бицани – берцинаб, кIицIцIул бицани – мухьучIаб.

27. Цин вихьарав – гьобол, кIиабизе вихьарав – гьудул.

28. Цин вихьун, чи лъаларев.

29. Цин гъол кьурдухъе кьурде, цинги дуего бокьухъе кьурде.

30. Цин гьабизе кIкIухIаллъани, кIицIцIул гьабизе кколеб.

31. Цин гьабун, лълъикIлъи гIолареб.

32. Цин гьабураб лълъикIлъи гIоларессе тIокIаб гьабуге.

33. Цин гьекъарав кIицIцIул меххтула.

34. Цин гIакъилассда гьикъе, цинги мунго ургъе.

35. Цин – каралълъ чIван, цин – хIохьолI чIван.

36. Цин кьалбал риччай, цинги эххедеги а.

37. Цин кIал бухIарассила карщиде ххеххго пулеб.

38. Цин кIанцIана, гарцIцI, мун – борчIана, кIиабизеги кIанцIана – борчIана, лъабабизеги кибе борчIулебан бихьила!

39. Цин кIодолъулел, кIицIцIул гьитIинлъулел.

40. Цин мекъсса кколел, цин ритIун кколел, битIун ккараб гьабе, мекъсса ккараб те.

41. Цин ургъейила, ххадуб кьвагьейила.

42. Цин хIама хIобода бухьейила, ххадуб Аллагьассул цIцIобалда тейила.

43. Цин цIцIердассан хъущтIараб хIамагицин кIиабизе цIцIерде бахунаребила.

44. Цин чияде ккун, чи ххутIуларев.

45. Циналълъул гъоркьагьабихъила, циналълъул тIассагьабихъила (чияссул гIумру цо ккураб хIалалда букIунаребила).

46. Циналълъул гIор кваналеб, циналълъул лъар кваналеб.

47. Цингиялдасса гьанже лълъикI, эбелалдасса яс лълъикI.

48. Цин-цин битIараб рагIиги гьерессилъулеб, цо-цо меххалълъ битIун гьабураб хIалтIиги мекъсса кколеб.

49. Цин-цин гьорчоги чи вихьунила гирулеб.

50. Цин-цин гьудулги тушманлъулев, цин-цин тушманги гьудуллъулев.

51. Цин-цин гIабдалассги бицунеб гIакъилаб рагIи, цин-цин гIакъилги мекъсса ккезе бегьулев.

52. Цин-цин гIакъилги къосунев, цо-цо гIайиб гIалимчияссдаги кколеб.

53. Цин-цин кьили чол мугъалда букIунебила, цин-цин бетIергьанчияссул мугъалда букIунебила.

54. Цицца гъалбацI чIваларо, гъадицца цIцIум чIваларо.

55. Цо багьана бугелда рекъечIесс кIиго багьана бугей хьихьизе кколей.

56. Цо бакIалда чIчIараб лълъим ххеххго махIцуна.

57. Цо бахIарчилъи лIугьунилан, реццги гьабуге, цо къадараб жо ккунилан, къадараб цIцIарги чIваге.

58. Цо бер кьижун бугони, цоялълъ хъаравуллъи ккве.

59. Цо берцинай ясалълъ тІад квер бахъидал,

ТIасса унти унеб заман букІана.

Ругелщинал ясал къочананиги,

Къоял аралдасса сахлъулев гьечІо.

60. Цо бетIералда лълъикI лъала, кIиго бетIералда дагьабги лълъикI лъала.

61. Цо бихьараб хьодуе те.

62. Цо бице, кIиго бице – гъваридаб бице.

63. Цо босизе кIоларесс - “КIиго кье дихъе”, – ян абурабила.

64. Цо боххида чи вилълъунарев, цояб гьакибер чIчIун, цояб гирулареб.

65. Цо бугеб рукIкIенги – рорлъи тIекъаб, цо вугев васги – гIамал мекъав.

66. Цо бугессул къосараб, къого бугессул битIараб гIи.

67. Цо ганчIил къед лIугьунаро, цо гъотIол ах лIугьунаро.

68. Цо гулиццаги цер холеб, цо рагIуццаги кечI холеб.

69. Цо гурони гIумру гьечIеб, кIицIцIул дунялалде риччаларел.

70. Цо гъая гьечIеб берцинлъи букIунаребила.

71. Цо гъая гьечIого, гъветI бакъваларо, цо гIузру гьечIого, ракI бечIаларо.

72. Цо гъотIол ах лIугьунареб, цо хIамил гвай букIунареб, цо чияссул бо гIолареб.

73. Цо гьабе – царал гьабе, хъергъуян гъеду ккоге.

74. Цо гьабулев чиги вукIунев, цо тIад рекъолев чиги вукIунев.

75. Цо гьабураб бечеги тIасса цаби гьечIеб буго.

76. Цо гьекъарасс кIигоги гьекъолеб.

77. Цо гьересси бицарасс нусгоги бицунеб.

78. Цо гьересси бицарассда кIиабизе божуларел.

РосулIе ахIи бан лълъикI, гIадамазул букIунеб кеп бихьизеян ракIалде ккун буго вехьассда.

- БацI! БацI! ГIиялълъ бацI речIчIун буго! Ххеххго рачIа! – ян ахIдон вуго гьев.

ХIалуцун тIаде щварал гIадамал, вехьассдеги хьандолаго, нахъ руссун руго.

ГIемер кватIичIого, вехьассул гIиялълъ речIчIун руго бацIал. КигIан цIакъ вехьасс гьарай бачаниги, цо гIадамасс гIин тIамун гьечIо. БацIазги лълъикIаб хъвехъари гьабун буго.

Вехьассго гIадал ххвелал гьарулел рукIаралила, жив гIуруцца восун унев вугилан, цо гIолохъанчияссги. КIиабизе, унго-унголъун гIуруцца восун унеб меххалълъ, лълъиццаго бер тIамичIебила гьессухъги.

79. Цо гIила гьечIого, гIадан мискинлъуларо.

80. Цо гIила гьечIого, нухда моххмохх лъоларилан абурабила царацца.

81. Цо гIила гьечIого, цIцIад балареб, цо гIила гьечIого, бакъ щолареб.

82. Цо гIиялълъажо хъунги, бертин гьабейила, цIцIалкIу кIутIунги, берталълъ роххел загьир гьабейила.

83. Цо гIункIкI царгъикь гьабулебила, цо гIункIкI авлахъалда гьабулебила.

84. Цо жо бикъарасс кинабго бикъарабиланги кколеб, цо гьересси бихьарассул кинабго гьерессиянги кколеб.

85. Цо жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ гьедигIан кIудияб мухь кьеларин дуццаян абурабила бакьучалълъ бацIида.

БацIицца бакьуч гуккулеб букIанила, жиндир анцIгониги кьарияб куйги бугила, мун квине ракIалдецин ккезеги ккечIила, бачIайила картIинисса къватIибе.

Гьедин батани, жиб щибизейила къваригIун бугебилан чIчIанила бакьуч. Жинда давла батун бугин, гьеб жиндир добе бехъерхъизе кумек къваригIун бугилан абунила бацIицца. Жинцца дуе бащдаб давлаги кьелила.

- Валагь, бачIинаро! – ян абунила бакьучалълъ. – Цо жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ гьедигIан кIудияб мухь кьеларо дуцца!

86. Цо каранда кIиго ракI букIунареб, цо кIазикь кIиго бетIер букIунареб.

87. Цо кваритIа кIиго палугьан кьурдуларев.

88. Цо квералълъ гарацIцI бухьунареб (цо квералълъ хъат чIвалареб).

89. Цо квешаб гIамал гьечIого, чи бечелъуларев.

90. Цо ккалараб мугьалълъ цогидабги хвезабулеб.

91. Цо ккве, цер ккве.

92. Цо куйдул рехъен лIугьунаро, цо гъотIол ах лIугьунаро.

93. Цо къадарав чиясс бодаго къадараб цIцIар чIвалеб.

94. Цо къвачIа кIиго гьабихъ балареб.

95. Цо къоялълъ дудаго хIехьезе кIолареб жо гIумруялълъго хIехьезе тIамугеян гьарун буго вокьуларессе кьолей ясалълъ инссуда.

96. Цо къоялълъ гIодор чIчIани, кIиго къоялълъ хIалтIизе кколел.

97. Цо къоялълъ нахъбахъун тараб жо – нусго къоялълъ нахъбахъун тараб жо.

98. Цо къоялълъ ццебе бекьараб анкьицца ццебе баккулеб.

99. Цо кьабун бекичIелда цоги кьабе.

100. Цо кIалзул хIухьелгицин кIиго батIияб - гьохьани бахьараб, пуни цIцIорораб.

101. Цо кIатIи гьечIого, тIамах гуруларо, цо гIила гьечIого, гьумер багIарлъуларо.

102. Цо кIовокIе, кIкIвахI реххизе кIолорищан, кIвечIони, хвараб дур хIалтIи.

103. Цо кIудиялдасса кIиго гьитIинаб бергьунеб.

104. Цо кIудиялдасса кIиго рекъараб лълъикIаб.

105. Цо лахIзаталда жанив бахIарчиги вахъунев, цо лахIзаталда жаниб чилъиги холеб.

106. Цо лъалиниб кIиго хханжар лъолареб.

107. Цо мокъида кIиго хIелкил бакъан рекъоларо, хIал рекъоларел росс-лълъадул ригьин ххалат ххутIуларо.

108. Цо натIицца тIупила, тIеренчедалълъ юкъила.

109. Цо нухалълъ ваччулев чи, хIатIал ххадур рехъерхъани, тIокIав ваччуларев.

110. Цо нухалълъ дур узденг ккурассул кIицIцIул дуццаги ккве.

111. Цо нухалълъ къун чIчIарав къого нухалълъ къун чIчIезе кколев.

112. Цо нухалълъ мекъи ккезегIан, лъабго нухалълъ гьикъун лълъикI.

113. Цо нухалълъ чинхъани, ссабру гьабе, кIиабизе чинхъани, ххеххлъи гьабе.

114. Цо пайда камураб квешлъи букIунареб.

115. Цо рагIи гIоларессе нусго рагIиги гIолареб.

116. Цо рагIудалъун тIубалеб калам кIиго рагIудалъун бицунге.

117. Цо рагIуе цо рагIи гIолеб, цо бакIалдассан цо ригьин гIолеб.

118. Цо рагIул чанго магIна букIинеги бегьулеб, чанго рагIул цо магIна букIинеги бегьулеб.

119. Цо рекIелI кIиго рокьи гьунареб.

120. Цо рекIелI кIигояссе бакI букIунареб.

121. Цо речIчIараб гIужда щвечIони, кIиабизеги речIчIе.

122. Цо речIчIаралълъ кIиго чIварав.

123. Цо речIчIе, гIужда щвеледухъ речIчIе, цо кьабе – ресалда ххадуб ккеледухъ кьабе.

124. Цо росулI цо гIабдал гIун вугилан абурабила ХIажихIума – дибирасс.

125. Цо рузманалълъе цо ххутIба гIолебила.

126. Цо сагIаталълъ ссабру гьабе, мунго бахIарчи вахъине.

127. Цо сон бараб меххалълъ гIорцIмада цо лълъикIаб гIамал кIочон толебила, кIиго квешаб гIамал лъалебила.

128. Цо сордо гурищилан, гъадил гIумру гъотIода арабила.

129. Цо сусур тIезеги гьелда рекъараб захIмат къваригIунеб.

130. Цо тоххаб рагIиялълъ нусго гIакъилаб рагIи хвезабулеб, цо гьерессиялълъ нусго битIараб хвезабулеб.

131. Цо тушманги – гIемеравила, нусго гьудулги – дагьавила.

132. Цо тIуни щиб болъонидасса рас, кIиго тIуни щиб.

133. Цо ххинкI бикьун кьезеги чIчIужу йикIун лълъикIила.

134. Цо ххунзахъев гьечIого, боги буцIцIунаребила, кIиго ххунзахъев гьоркьове ккани, боги биххулебила.

135. Цо хъамураб хъандие гIолареб, цин чияссде ккун, чи ххутIуларев.

136. Цо хъатIикь кIиго хъарпуз ккуни, кIиябго бортун унеб.

137. Цо хъатикь – цIцIам, цо хъатикь – цIцIал.

138. Цо хIай букIунареб, кIиго чи бергьунеб.

139. Цо хIал ккве, гьоркьохъеб ккве.

140. Цо чиги бо букIуна, богIанаб ракI бугони, боги рехъен букIуна, чахъабилъун ругони.

141. Цо чияссул боцIцIудалъун кIиго гьудул вахъунарев.

142. Цо-цо тушман камурав бахIарчи вукIунаро,

  Гьудул  гьалмагъ тIагIарав цониги ватуларо.

143. Цо цIцIогь гьабурасс анцIабилебги гьабулеб.

144. Цо цIулал – раххан, цо маххул – газа.

145. Цо цIураб бугьнаццаги лал лIугIулеб, цо тIамураб галуццаги мегIер бегулеб.

146. Цо чахъдадасса кIиго тIехь бахъулареб, цо бахIарчи кIицIцIул холарев.

147. Цо чахъдае – квар, кIигоялълъе – тIил.

148. Цо чахъу кIанцIаралълъуссан киналго кIанцIулел, цо чиясс гьабураб жо киназго гьабулеб.

149. Цо чиясс гьабураб къадараб жо нусгоясда бихьулеб, азаргояссда рагIулеб.

150. Цо чиясс гьабураб хIалихьатаб жоялъ росуго ссурулеб.

151. Цо чиясс росу берцин гьабулеб, цолоцца къед берцин гьабулеб.

152. Цо чиясс ячарай кIиго чIчIужу – цо лъалиниб лъураб кIиго ххвалчен.

153. Цо чияссги бо буцIцIунеб, цо чияссги бо биххулеб.

154. Цо чияссда бицараб – ххалкъалдаго бицараб жо.

155. Цо чияссе кIиго чиги бойила.

156. Цо чияссул бахIарчилъиялълъ ЦIцIор бахъиларо.

157. Цо чияссул бо гIоларо, цо гьецIцIол си гIоларо.

158. Цо чияссул боцIцIудалъун кIиго гьудул вукIунарев.

159. Цо чIчIаралълъуб кIигоги чIчIун.

160. Цо чIваралълъ хъумур гIорцIцIуларебила.

161. Цоги – гIемер, азаргоги – дагь.

162. Цогиязул адаб гьабунгутIи – жиндирго адаб гьабунгутIи.

163. Цого вас – рукъалълъул ххан.

164. Цого вас эбел-инссуе Аллагь-аварагила.

165. Цого жо кIицIцIулги бицунге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге.

166. Цого инссул анцIабго лъимерги анцIго батIияб ххассияталълъул рукIунелила.

167. Цого иш гIемер буго, бечедассе цIцIар щолеб,

  Гьебго иш гIелму буго, мискинчи инжилъулеб.

168. Цогърониб гъваргъвар гурев, гъабуда делдел гурев.

169. Цогърониб гьури барай, гьороб бакъ барай.

170. ЦохIо бугеб бечеги тIехI бараб буго.

171. ЦохIо гIонкIкIоццаги хвезабулеб зобгIанассеб чIагIдал рагI, цохIо чияссги хвезабулеб ххалкъалълъулго рахIат.

172. ЦохIо килищ къотIани, тIолабго черххалда унтула.

173. ЦохIо мугьалъги цIцIалеб цIцIадиро цо рахъалде.

174. ЦохIо цIияб кици лъазеги годекIаниб къо реххейила.

175. Цо-цо бергьенлъи къеялдасса квешабги букIунеб.

175. Цо-цо гьересси оцол багьаябги букIунебила.

176. Цо-цо къоялълъ цо-цо рагIиниги лъачIони, хIамилгIанги гIундул ххалалъулел.

177. Цо-цо кIалзул ссадакъа кверзулалдассаги къиматаб букIунеб.

178. Цо-цо меххалълъ квешаб гьойги лълъикI хIапдолебила.

179. Цо-цо меххалълъ чияссул гьоко гъоркьа тIадеги гирула.

180. Цо-цоккун бищараб хьодол мугьалъги къали цIолебила.

181. Цо-цоккун тIинкIулеб лълъел къатIраялълъги гамачI борлIулеб.

182. Цо-цоккун тIинкIулеб лълъел къатIраялълъулги къечI хьвазе гIураб лълъим лIугьунебила.

Цо гIолилав гIелму цIцIализе рикIкIаде ун вукIун вуго. Къоял ун руго, моцIцIал ун руго. ГIолилассда ракIалде ккун буго: унеб заманги бугила, цIцIалиялдассан жиндие гIураб лъайги щолеб гьечIилан. Реххун тун цIцIалигун, раччун тIахьазул цIурал ххулжалгун, рокъове вачIунев вукIун вуго.

БухIун щун бакъги букIун буго, бакъван гIолилассул щекIер-мукъулукъги букIун буго. Нухдани ицц-лъар бугеб бакI батун гьечIо. Аххирги гьав щун вуго лълъел къатIраби тIинкIулеб цо кьурда ццеве. ГIодор ххулжалги лъун, гIолиласс тIинкIулеб лълъеда гъоркье дангъура ккун буго. Заман гIемер аниги, гьассие къеч хьвазе гIураб лълъим щун буго.

- ВахI! – ан пикру гьабун буго гIолиласс. – ГьадигIан лъедерго тIинкIулел къатIрабазул къеч хьвазе гIураб лълъим лIугьунеб буго. Къол цо-цо рагIи лъазабуни, дие гIураб лъай щвезеги бегьулагури!

ВукIарабго бакIалде нахъ вуссун вуго вас. ЛълъикIав гIалимчи вахъун гурони, рокъовеги вачIун гьечIо.

183. Цо-цониги гIайиб хханассул ясалдаги кколебила.

184. Цо-цониги гIакъилаб жо гIабдалассги бицунеб.

185. Цо-цониги гIакъилги мекъи кколевила.

186. Цо-цониги оцол багьаябги букІунебила гьересси.

187. ЦоцIцIул бицани – берцинаб, кIицIцIул бицани – мухьучIаб.

188. ЦоцIцIул кIодолъулевила чи, кIицIцIул гьитIинлъулевила.

189. ЦоцIцIул кIусизе кIкIухIаллъарав кIицIцIул кIусизе кколев.

190. ЦоцIцIул рижула, кIицIцIул хола.

191. Цояб бер беццассда кIиябго бер беццасс беццук-беццукилан абурабила.

192. Цояб бералълъе цояб бер бокьичIогойила гьоркьоб мегIер бижараб.

193. Цояб бихьичIого, цояб лъаларебила.

194. Цояб гьабулаго, цогиябги кIочон тоге.

195. Цояб квер лIулIачIого, цояб квер бацIцIунареб.

196. Цояб сон цояб соналълъул лагъ.

197. Цояб хъат данде къан, цояб гъоркье кквечIони, магIарухъ бетIер бахъулареб.

198. Цояб цоялда релълъараб мегIер букIунареб, цоял цоязда релълъарал лъимал рукIунарел.

199. Цояв виххичIого, цояв вуцIцIунарев.

200. Цояв гIабдал вугони, дандиявгIаги цIцIодорав вукIине ккола.

201. Цояв гIорцIцIун кIанцIолевила, цояв вакъун кIанцIолевила.

202. Цояз гIуцIцIулеб дуниял, цояз биххулеб.

203. Цоязе – ххунги ччунги, цогиязе – ччузецин щолареб дуниял.

204. Цоялда тIад кIиго лъе, кIигоялда тIад лъабго лъе (къадахъанассул кици).

205. Цоялда тIад кIиго лъуни, лъабго гIола.

206. Цояссе – авалалда, цояссе – аххиралда.

207. Цояссе – цIа, цояссе – кIкIуй.

208. Цояссул бер цIцIодораб, цояссул квер цIцIодораб.

209. Цояссул ххвалчен бакIаб, цояссул зар бакIаб.

Цо рес къотIараб меххалълъ, бодуе хъвезежо кьеян гьарун, ХIажимурад живго ун вуго гІухьбузухъе. Жиндихъе вачIарав чи щивали лъачIев вехьасс гьессухъ гIин тIамун гьечIо. ХIажимурадги гьевги рагъизеги ккун руго. ЛълъикIго зарал вехьассдаги щун руго, дагьалги цIцIикIкIун ХIажимурадидаги щун руго.

Валлагь, бахIарзал, заруе ХIажимурад ххвалчадуе гIадав ватичIилан гьалмагъзабазда бицараб меххалълъ, ХIажимурадил рекIарав КIудияв Таймасханицца ХIажимурадие гьаб кици тIамун буго.

bottom of page