top of page

МагIарул кицабиги абиялги
mafarul kicabigo abiyalgi

 

А  a

 

Абизе бегьулебани, мунгияли добго жо бугоан.

abi#e behulebani, mungiyali dobgo $o bugoan.

Абизе дуда тIадаб буго, тIубай-тIубангутIи хханассул иш буго.

abi#e duda Tadab bugo, Tubay-TubanguTi {anaSul i^ bugo.

АбизегIан рагIи – дур лагъ, абун ххадуб – мун гьелълъул лагъ.

abi#efan rafi - dur lav, abun {adun - mun he:ul lav.

АбичIого тараб рагIи – ххазина буго.

abizogo tarab rafi - {a#ina bugo.

Абундачал гIемер, ячундачал дагь, ячунев чи гьечIей Чала Бариян.

abundaxal femer, yaxundaxal dah, yaxunes xi hezey xala bariyan.

Абундачалда ххадуй лIугьарай хабалI ракьа турарай цо гIаданалълъул хабаде ккарайила.

abundaxalda {aduy /uharay [ava/ rapa turaray co fadana:ul [abade Karayila.

Абунщинай ясги кьоларей, кьунщинаб рагIиги батулареб.

abun&inay yasgi polarey, pun&inab rafigi batulareb.

Абураб нахъ буссунаро, хъвараб бацIцIунаро.

aburab na] buSunaro, ]warab ba~unaro.

Абураб рагIи — реххараб чIор.

aburab rafi - re{arab zor.

 

Абурай ясалда асскIов гIадин кванай.

aburay yasalda aSjow fadin kwanay.

Абурассе гуро йикIуней, ячарассейин.

aburaSe guro yijuney, yaxaraSeyin.

АбухIанапицца хIама биччачIони, ХIанукацца оц биччаларо.

abu\ana_iCa \ama biXazoni, \anukaCa oc biXalaro.

Авал гьечIеб аххирги букIунаро, аххир гьечIеб авалги букIунаро.

awal hezeb a{irgi bujunaro, a{ir hezeb awalgi bujunaro.

Аварагасул цIцIани парссахъа тIаде унел рукIун ратиларо.

awaragaSul ~ani _arSa]a Tade unel rujun ratilaro.

Авлахъалда гIи тIагIани, тIехIаб гъвалицца бетIерлъи гьабула.

awla]alda fi Tafani, Te\ab vwaliCa beTer;i habula.

Агъаз гьечIесс черхх чIвала, чехь квешасс рукъ чIвала.

ava# hezeS xer{ zwala, xe% kwe^aS ruq zwala.

Агьлулъун гьечIев чи бетIерлъунги тоге, гьунар гьечIеб чу рекIун чабхъадги унге.

ahlu;un hezew xi beTer;ungi toge, hunar hezeb xu rejun xab]adegi unge.

АгIаги махIаги гьечIого, дахIа бижулареб (ракги лълъимги гьечIого, тIегь бижулареб).

afagi ma\agi hezogo, da\a bi$ulareb (rakgi :imgi hezogo Teh bi$ulareb).

Адаб буголъи – тарбия буголъи.

adab bugo;i - tarbiya bugo;i.

Адаб гьечIессул адабги ккоге, жаниб лъоларессда рагIиги бицунге.

adab hezeSul adabgi :oge, $anib ;olareSda rafigi bicunge.

Адаб гьумер бихьун гуребила, чи вихьунила гьабизе кколеб.

adab humer bi%un gurebila, xi wi%unila habi#e Koleb.

Адабазул эбел – калам дагьайила, хьулазул эбел – ссабруйила.

adaba#ul ebel - kalam dahayila, %ula#ul ebel - Sabruyila.

Азарго галул нух цо галудассан байбихьулеб.

a#argo galul nu[ co galudaSan baybi%uleb.

Азаргоясс гьабураб цоясс биххулеб.

a#argoyaS haburab coyaS bi{uleb.

Азарго галул нух цо галудалъун байбихьула.

a#argo galul nu[ co galuda;un baybi%ula.

Азарго оц бугев цо релълъмаххалде ккаравила.

a#argo oc bugew co re:ma{alde Karawila.

Аздагьодул рокьи росул бералълъухъ ккарабила.

a#dahodul ropi rosul bera:u] Karabila.

Алазан рагIалда бицараб ици гохIилI батула.

ala#an rafalda bicarab ici go\i/ batula.

Алипалълъ би ккун, биялълъ ти ккун.

ali_a: bi Kun, biya: ti Kun.

​Алипалълъ таниги, тиялълъ йосила, тела магIарулав, щвела лъарагIав.

ali_a: tanigi, tiya: yosila, tela mafarulaw, &wela ;arafaw.

Аллагь разияб гIумру гуреб, гIадамал разияб пиша гуреб.

allah ra#iyab fumru gureb, fadamal ra#iyab _i^a gureb.

Аллагьасс хъвай цо жо буго, вехьассги хIисаб гьабизе ккелаан.

allahaS ]way co $o bugo, we%aSgi \isab habi#e Kelaan.

Аллагьасс бегIерараб жо зазила, гIадамасс бегIерараб гIучIила.

allahaS beferarab $o #a#ila, fadamaS beferarab fuzila.

Аллагьассеги хур рак чIвараб бокьула.

allahaSegi [ur rak zwarab bopula.

Аллагьассги хъвала, хъвазабуни.

allahaSgi ]wala, ]wa#abuni.

Аллагьассде таваккал тIаме, хIамаги бухьун.

allahaSde tawaKal Tame, \amagi bu%un.

Аниб берцинаб, доба ссурукъаб те, доба берцинаб, аниб ссурукъаб ккве (россассе уней ясалда эбелалълъ).

anib bercinab, doba Suruqab te, doba bercinab, anib Suruqab Kwe (roSaSe uney yasalda ebela:).

Аниссан бохх бегьичIони, боххссан ратIа бегьуларо.

aniSan bo{ behizoni, bo{San raTa behularo.

Анищазул хур бекьун мискин бечелъиларо.

ani&a#ul [ur bepun miskin bexe;ilaro.

Анкь бараб лъалалде лъагIел уна, лъагIел бараб лъалалде гIумру уна.

anp barab ;alalde ;afel una, ;afel barab ;alalde funru una.

Анкьицца гIалалъуналдасса, цо къоялълъ бартилъун лълъикI.

anpiCa fala;unaldaSa, co qoya: barti;un :ij.

АнцIцIул борце, цин къотIе.

an~ul borce, cin qoTe.

Анщинахъе нух лълъие битIулеб, бекьанщинахъе хур лълъие бачIунеб.

an&ina]e nu[ :iye biTuleb, bepan&ina]e [ur :iye bazuneb.

Араб батуларо, тараб щоларо.

arab batularo, tarab &olaro.

Араб те, щвараб ккве.

arab te, &warab Kwe.

Араб, хвараб хвезе те, ххинаб, цIияб тIаде цIцIай.

arab, [warab [we#e te, {inab, `iyab Tade ~ay.

Арав вачIунгеги, лIутарав ворчIугеги.

araw wazungegi, /utaraw worzugegi.

Аралда нилIецца туманкI речIчIани, бачIунесселълъ нилIеда гIарада речIчIулеб.

aralda ni/eCa tumanj reZani, bazuneSe: ni/eda farada reZuleb.

Аралда ххадув ххапоге.

aralda {aduw {a_oge.

Аралда ххадув гIандулев вехь,  таралда ххадуб гIандулеб бацI.

aralda {aduw fandulew we%, taralda {adub fanduleb ba`.

Аралда ххадуб ракIги хогейила, гIакълуялълъ къабул гьабулареб жоялдаги божугейила.

aralda {adub rajgi [ogeyila, faqluya: qabul habulareb $oyalda bo$ugeyila.

Арасс таниги, тарасс кквела.

araS tanigi, taraS Kwela.

Ах таниги — цо хIакъ, кIоркIона кваниги - цо хIакъ.

a[ tanigi - co \aq, jorjona kwanigi - co \aq.

Ах цIеххоге, цIцIибил кванай.

a[ `e{oge, ~ibil kwanay.

Аххир гьечIеб авал букIунаро, хиси гьечIеб балъ букIунаро.

a{ir hezeb awal bujunaro, [isi hezeb ba; bujunaro.

АхIмакъ анищаз бечелъула.

a\maq ani&a# bexe;ula.

АхIмакъассда гIакълу бугIичIони бичIчIулареб.

a\maqaSda faqlu bufizoni biZulareb.

АхIараб бакIалде инчIони — я барщунилан кколеб, я хIинкъунилан кколеб.

a\arab bajalde inzoni - ya bar&unilan Koleb, ya \inqulilan Koleb.

АхIарассул къватIиб, тIупарассул рокъоб. АхIи басра гьабуге.

a\araSul qwaTib, Tu_araSul roqob. a\i basra habuge.

АхIичIого бачIараб гьойде ракьа чухIичIого реххула, ахIичIого вачIарав гьобол вачIаравго нухалълъ уна.

a\izogo bazarab hoyde rapa xu\izogo re{ula, a\izogo wazaraw hobol wazarawgo nu[a: una.

АхIун биччаге, ваххчун кванаге.

a\un biXage, wa{xun kwanage.

Б  b

 

Бавудасса гуребила оц лъалеб, бугьудассайила.

bawudaSa gurebila oc ;aleb, buhudaSayila.

Багъарараб гIусалълъе дару — бахъи.

bavararab fusa:e daru - ba]i.

Багъарараб хIатIида хIатI рекIуна.

bavararab \aTida \aT rejuna.

Багъарараб квералълъ квасул нухи къала.

bavararab kwera: kwasul nu[i qala.

Багьа гьечIеб гьанал гьагIу лълъикIаб букIунаро.

baha hezeb hanal hafu :ijab bujunaro.

Багьана батизе бигьаяб жо.

bahana bati#e bihayab $o.

Багьана гьечIого барщарав, мухь кьечIого рекъола.

bahana hezogo bar&araw, mu% pezogo reqola.

БагIараб кколебилан нихьваб борчIизе гурин.

bafarab Kolebilan ni%wab borzi#e gurin.

Бадиве веццуге, нахъассан какуге.

badiwe weCun, na]aSan kakuge.

Баккудасса ххинлъичIеб бакъалълъ, нахъа ххинлъуларо.

baKudaSa {in;izeb baqa:, na]a {in;ularo.

 

Бакъ аги, къо аги, къоабилелълъ ххарж щваги.

baq agi, qo agi, qoabile: {ar$ &wagi.

Бакъ агиян – къулун, къо агиян – ворххун.

baq agiyan qulun, qo agiyan wor{un.

Бакъ баккани – моцIцI тIагIунеб, моцIцI баккани - цIцIваби тIагIунел.

baq baKani mo~ Tafuneb, mo~ baKani ~wabi Tafunel.

Бакъ баккигун, моцIцI тIерхьине ккола.

baq baKigun, mo~ Ter%ine Kola.

Бакъ бокьарал – ракьанда, рокьи ккарал – рагIалда.

baq boparal - rapanda, ropi Karal - rafalda.

Бакъ бухIуларелълъуб ракь ххинлъулареб.

baq bu\ulare:ub rap {in;ulareb.

Бакъ гьечIони, моцIцIги гвангъулеб.

baq hezoni, mo~gi gwanvuleb.

Бакъ лIугьунареб рокъове тоххтир лIугьунев.

baq /uhunareb roqowe to{tir /uhunew.

Бакъ-моцIцI тIерхьараб меххалълъ, цIцIваби раккулел.

baq-mo~ Ter%arab me{a:, ~wabi raKulel.

Бакъ тIерхьунелълъул, рагьдул кIалтIа гIодор чIчIоларел.

baq Ter%une:ul, rahdul jalTa fodor Zolarel.

Бакъ тIерхьун ххадуб рукъ лълъухьулареб.

baq Ter%un {adub ruq :u%ulareb.

Бакъ щолареб бакIалда хIучч цIцIай.

baq &olareb bajalda \uX ~ay.

Бакъалда ххинлъун букIунеблъи ххалкъалдаги лъала.

baqalda {in;un bujuneb;i {alqaldagi ;ala.

Бакъан лълъикIаб буго, цIцIалулеб жо Къуръан батани.

baqan :ijab bugo, ~aluleb $o qur'an batani.

Бакъан лълъикIаб бугоан, цIцIалулеб жо Къулгьу батичIони.

baqan :ijab bugoan, ~aluleb $o qulhu batizoni.

Бакъараб гьой гIадинан кваналелълъул хъантIуге.

baqarab hoy fadinan kwanale:ul ]anTuge.

Бакъараб гьойцца гьуссун бацI кквеларо.

baqarab hoyCa huSun ba` Kwelaro.

Бакъараб гIанкIуялда макьилI муч бихьулебила.

baqarab fanjuyalda mapil mux bi%ulebila.

Бакъалда ххинлъун букIунеблъи лълъидаго лъалеб.

baqalda {in;i bujuneb;i :idago ;aleb.

Бакъараб хъумур гIадав, хъантIараб гьой гIадинав.

baqarab ]umur fadaw, ]anTarab hoy fadinaw.

Бакълъухъа оц босе, Аргъванисса куй босе.

baq;u]a oc bose, arvwaniSa kuy bose.

Бакъуцца бухIун ххадуб лълъалъан хур бачIунаро.

baquCa bu\un {adub :a;an [ur bazunaro.

Балагь букIуна бачIарабги бачарабги.

balah bujuna bazarabgi bazarabgi.

Балагь бачIиндал гьудул реххун тоге.

balah bazindal hudul re{un toge.

Балагьана, батана. Букарана, хъассана.

balahana, batan. bukarana, ]aSana.

Балъго рахь босани, тIатун къинлъула.

ba;go ra% bosani, Tatun qin;ula.

Балъгояб тIатIиялдасса, тIатараб гьоэр бокьила.

ba;goyab TaTiyaldaSa, Tatarab hoer bopila.

Балъда нахъа хIалихьат, хIарччда нахъа багьадур.

ba;da na]a \ali%at, \arXda na]a bahadur.

Бараб ахIулIги ахIараб болIгийила бихьинчи лъалев.

barab a\ulgi a\arab bo/giyila bi%inxi ;alew.

Баракат лъуни, цоги гIемераб, лъечIони, нусгоги дагьаб.

barakat ;uni, cogi femerab, ;ezoni, nusgogi dahab.

Бараххщарассул боцIцIи саххаватасс кваналеб.

baea{&araSul bo~i sa{awataS kwanaleb.

Бараххщарассул къайи къавул гьойцца кваналебила.

bara{&araSul qayi qawul hoyCa kwanalebila.

Бараххщарассул – чияе, чехь квешассул – жиндиего.

bara{&araSul - xiyaye, xe% kwe^aSul - $indiyego.

Баргъичал рокьила – мун вокьиларо, кьураб жо босила – мун восиларо.

barvixal ropila - mun wopilaro, purab $o bosila - mun wosilaro.

Баркала гьечIеб кечI – кири гьечIеб лаила.

barkala hezeb kez - kiri hezeb laila.

Баркат гьечIеб боцIцIудассаги цIунаги, гьуинлъи гьечIеб ригьнадассаги цIунаги.

barkat hezeb bo~udaSagi `unagi, huin;i hezeb rihnadaSagi `unagi.

Баркат гьечIеб боцIцIиялдассан баркат бахунареб.

barkat hezeb bo~iyaldaSan barkat ba[unareb.

Баркиялълъеги зигараялълъеги кватIи букIунаребила.

barkiya:egi #igaraya:egi kwaTi bujunarebila.

Бартигун хIур чIчIикIи лълъикI, хIамагун кIалцIи квинегIан.

bartigun \ur Ziji :ij, \amagun jal`i kwinefan.

Басрияб гордида цIияб къвал гъуни, къоролалълъе гьебги гьвел буго.

basriyab gordida `iyab qwal vuni, qorola:e hebgi hwel bugo.

Басрияб наккдалълъа цIияб бугIа бахъуге.

basriyab naKda:a `iyab bufa bu]uge.

Басрияб тIагIел тIамун гъоркь.

basriyab Tafel Tamun vorp.

Басрияй цIулалълъул цIияб гъалдибер. ЦIияй бахIаралълъул херав бахIарав.

basriyay `ula:ul `iyab valdiber. `iyay ba\ara:ul [eraw ba\araw.

Бархъалиссесс хъабида гIоркь бокьаралълъуб гъола.

bar]aliSeS ]abida forp bopara:ub vola.

Барщараб пихъалълъе дару — кванай.

bar&arab _i]a:e daru - kwanay.

Барщарассе кьей гьечIеб, кьижарассе тей гьечIеб. (Гьузарассе кьоларо — кьижарассе толаро).

bar&araSe pey hezeb, pi$araSe tey hezeb. (hu#araSe polaro - pi$araSe tolaro).

Барщидал квинчIеб гIеч гIодобе бортун турула.

bar&idal kwinzeb fex fodobe bortun turula.

Бассарун квералдасса кванан эбел бергьана. Ххенон гьобоялдасса гьанщун лъимал бергьана.

baSarun kweraldaSa kwanan ebel berhana. {enon hoboyaldaSa han&un ;imal berhana.

Батараб гьабе, гьабураб кванай.

batarab habe, haburab kwanay.

Батаралълъуб батараб гьабе.

batara:ub batarab habe.

Баххилав чияссулгун гьудуллъи гьабуни, бищун дуе къваригIараб бакIалда живго гIодов чIчIола.

ba{ilaw xiyaSulgun hudul;i habuni, bi&un duye qwarifarab bajalda $iwgo fodow Zola.

Бахъараб бералда хъат чIван щибилеб.

ba]arab beralda ]at zwan &ibileb.

Бахъунареб бакIалде туманкI кьвагьуге.

ba]unareb bajalde tumanj pwahuge.

Бахъунареб ццим букIунареб, холареб ракI букIунареб.

ba]unareb Cim bujunareb, [olareb raj bujunareb.

Бахьинаб надалдасса гьоко богIол цIоларо. Ххалатаб гарбидасса къвал ххарил бахъуларо.

ba%inab nadaldaSa hoko bofol `olaro. {alatab garbidaSa qwal {aril ba]ularo.

БахIарав чи рогIокълъугеги херав чи канлъукълъугеги.

ba\araw xi rofoq;ugegi [eraw xi kan;uq;ugegi.

БахIарго херлъугеги, херлъун хъарсинлъугеги.

ba\argo [er;ugegi, [er;un ]arsin;ugegi.

БахIарчи кьалда хола, хIалихьат бусада хола.

ba\arxi palda [ola, \ali%at busada [ola.

БахIарчияссул къайи буго чучаб бутI гIадаб жо.

ba\arxiyaSul qayi bugo xuxab buT fadab $o.

БахIарчияссул кIиго рачел буго, цоябниги чучани чилъи холеб.

ba\arxiyaSul jigo raxel bugo, coyabnigi xuxani xi;i [oleb.

БахIарчияссдасса хIинкъуге, хIалихьатав гьудулассдасса цIуне.

ba\arxiyaSdaSa \inquge, \ali%ataw hudulaSdaSa `une.

Бацизе кIолареб кIалтIуги рагьуге, бичизе кIолареб гарацIги баге.

baci#e jolareb jalTugi rahuge, bixi#e jolareb gara`gi bage.

​БацI бихьараб хIама хIохьокьаги хIинкъулеб.

ba` bi%arab \ama \o%opagi \inquleb.

БацI унтуе кьижулеб, кьалуе борчIулеб.

ba` untuye pi$uleb, paluye borzuleb.

БацI хIинкъизе хIамицца гIундул кIорокIулел.

ba` \inqi#e \amiCa fundul jorojulel.

БацIги циги багъана, царацца би чIчIикIана.

ba`gi cigi bavana, caraCa bi Zijana.

БацIгун багъун, чахъу бергьинаро, чугун дурун, хIама бергьинаро.

ba`gun bavun, xa]u berhinaro, xugun durun, \ama berhinaro.

БацIикьа хIинкъарасс гIи гьабуларо.

ba`ipa \inqaraS fi habularo.

БацIил бетIер тарщида чIчIинтIе.

ba`il beTer tar&ida ZinTe.

БацIилгун гьудуллъиги те, гьойдулгун маххссароги те.

ba`ilgun hudul;igi te, hoydulgun ma{Saragi te.

БацIицца гурони цIцIе чIваларо, цIцIецца гурони бурутI гьабиларо.

ba`iCa guroni ~e zwalaro, ~eCa guroni buruT habilaro.

БацIицца гьабураб гьойцца куна.

ba`iCa haburab hoyCa kuna.

БацIицца кIал чIвараб жо бацIие те.

ba`iCa jal zwarab $o ba`iye te.

БацIицца цIцIедуе гIадин багьана гьабуге.

ba`iCa ~eduye fadin bahana habuge.

Бачаялълъ чудук гIадин чи бегьиларо.

baxaya: xuduk fadin xi behilaro.

БачIинеб, бачIинареб лъалареб гIурус, бачIинчIого букIунареб ххасел.

bazineb, bazinareb ;alareb fueus, bazinzogo bujunareb {asel.

БачIинилан къо бачIунаро, ккелилан зияде кколаро.

bazinilan qo bazunaro, Kelilan #iyade Kolaro.

БачIунаго лIар кквечIони, лIутун унаго рачIчI щоларо.

bazunago /ar Kwezoni, /utun unago raZ &olaro.

БачIунебги борце, унебги борце.

bazunebgi borce, unebgi borce.

Бащалъи гьабунагIан, гьуинлъи цIцIицIкIунеб.

ba&a;i habunafan, huin;i ~iJuneb.

Бащдаб бугIа бичун данде жо босе.

ba&dab bufa bixun dande $o bose.

Бегараб бакъун хвараб, бахъараб гIорцIцIун хвараб. КIалдибе борта, багIар гIеч.

begarab baqun [warab, ba]arab for~un [warab. jaldibe borta, bafar fex.

Бегараб бацI бакъараб, бахъараб бацI гIорцIцIараб.

begarab ba` baqarab, ba]arab ba` for~arab.

Бегун кьаралъиларо, кьижун бечелъиларо.

begun para;ilaro, pi$un bexe;ilaro.

Бегун хвараб гъалбацIалдасса бахъун хвараб гьой лълъикI.

begun [warab valba`aldaSa ba]un [warab hoy :ij.

Бекани бохх я ххалалъулеб, я къокълъулеб.

bekani bo{ ya {ala;uleb, ya qoq;uleb.

Беканиги кьоларев чияссулгун хоно чIваге.

bekanigi polarew xiyaSulgun [ono zwage.

Бекарасс кварххи кье, кварасс гIакIа кье.

bekaraS kwar{i pe, kwaraS faka pe.

Бекарассда гурони боххдул унти лъаларо, бихьарассда гурони гIосол хIара лъаларо.

bekaraSda guroni bo{dul unti ;alaro, bi%araSda guroni fosol \ara ;alaro.

Бекьарассе бекьараб ракьалдассан буссуна.

beparaSe beparab rapaldaSan buSuna.

БекьичIесс хур бецуларо.

bepizeS [ur becularo.

БекIкIулеб гьецIцIохъги валагьуге, бичIулеб цIулахъги валагьуге.

beJuleb he~o]gi walahuge, bizuleb `ula]gi walahuge.

Бер гIункIкIрукьалълъ бацIцIе.

ber funJrupa: ba~e.

Бер хъантIуге, боцIцIудасса чIухIуге.

ber ]anTuge, bo~udaSa zu\uge.

Беразда гуреб канлъи бихьулеб, рекIедайин.

bera#da gureb kan;i bi%uleb, rejedayin.

Беразда квер лъураб меххалда гьабиялдасса, михъазда квер лъураб меххалълъ гьаби лълъикIаб.

bera#da kwer ;urab me{alda habiyaldaSa, mi]a#da kwer ;urab me{a: habi :ijab.

Беразе макьу ххирияб, рокьуе ссвади ххирияб.

bera#e mapu {iriyab, ropuye Swadi {iriyab.

Бералда бихьараб битIараб, гIиналда рагIараб гьересси.

beralda bi%arab biTarab, finalda rafarab hereSi.

Бералда бихьараб гIадаб даран букIунаро.

beralda bi%arab fadab daran bujunaro.

Бергьараб хьечIого къуралълъе лълъим щоларо.

berharab %ezogo qura:e :im &olaro.

Бергьарассул ярагъ магIида букIаго, къурассул ярагь чвархъулеб.

berharaSul yarav mafida bujago, quraSul yarav xwar]uleb.

Бергьунгеги, къогеги, къаццандулел чIчIогеги.

berhungegi, qogegi, qaCandulel Zogegi.

Берцинаб кIалзуе кIиго бутIа бараб.

bercinab jal#uye jigo buTa barab.

Берцинаб бихъиналдасса ссурукъаб букъи лълъикIаб.

bercinab bi]inaldaSa Suruqab buqi :ijab.

Берцинаб рагIуцца борххатаб мегIер кьухъур гьабула.

bercinab rafuCa bor{atab mefer pu]ur habula.

Берцинаб рагIуцца маххул каву рагьула.

bercinab rafuCa ma{ul kawu rahula.

Берцинавги ссурула, ссанагIалъи гьечIони, ссураралги рокьула, рокьул дангъва бугони.

bercinawgi Surula, Sanafa;i hezoni, Suraralgi ropula, ropul danvwa bugoni.

БетIер бекилалде къай.

beTer bekilalde qay.

БетIер бичун, чед босуге.

beTer bixun, xed bosuge.

БетIер бокьани, гьа, хIатIал!

beTer bopani, ha, \aTal!

БетIер бугони тIагъур камуларо, тIажу бугони рухьен камуларо.

beTer bugoni Tavur kamularo, Ta$u bugoni ru%en kamularo.

БетIер квачан хьихье, чехь бакъун хьихье.

beTer kwaxan %i%e, xe% baqun %i%e.

БетIер радал батулеб бакIалда лъе.

beTer radal batuleb bajalda ;e.

БетIералда лъезе тажалдасса гъоркь лъезе бакI лълъикIаб.

beTeralda ;e#e ta$aldaSa vorp ;e#e baj :ijab.

БетIералдассан тIокIкIинчIеб лълъим, аххадассан тIокIкIунаро.

beTeraldaSan ToJinzeb :im, a{adaSan ToJunaro.

БетIергьанчияссул чехь унтичIони, чияр мугъ унтуларо.

beTerhanxiyaSul xe% untizoni, xiyar muv untularo.

БетIергьанчи хвадилан гIакдае чуриги кьун, чIаго ххутIадилан оцое накку баге.

beTerhanxi [wadilan fakdaye xurigi pun, zago {uTadilan ocoye naKu bage.

Беццав чиясс нух малълъун, нухда витIун ккеларо.

beCaw xiyaS nu[ ma:un, nu[da wiTun Kelaro.

Бечедассул рокъоб къойил бертин.

bexedaSul roqob qoyil bertin.

Бечелъи хола, маххщел холаро.

bexe;i [ola, ma{&el [olaro.

Бидаяб чу гIадин вукIа, чалияб куй гIадин вукIа.

bidayab xu fadin wuja, xaliyab kuy fadin wuja.

Бидул чIорто — чIчIегIераб жо.

bidul zorto - Zeferab $o.

Бидулассул гьой кьарияб, гьардухъанассул къвачIа кIудияб.

bidulaSul hoy pariyab, hardu]anaSul qwaza judiyab.

Бикъарав вакъула, вагъарав къола.

biqaraw waqula, wavaraw qola.

Бикъила — вакъила.

biqila - waqila.

Бикъула — вакъула, вакъула — бикъула.

biqula - waqula, waqula - biqula.

Бикъуге — хIинкъуге, гьересси бицунге — нечоге.

biquge - \inquge, hereSi bicunge - nexoge.

Билараб жо хIатIацца балагьуге, ботIроцца балагье. Гьересси бицунге, дуе ххайирабгIаги.

bilarab $o \aTaCa balahuge, boTroCa balahe. hereSi bicunge, duye {ayirabfagi.

Бихъарасс букъе къохьол зоб, (хъабарча) тIурасс бацIцIе квасул кун.

bi]araS buqe qo%ol #ob, (]abarxa) TuraS ba~e kwasul kun.

Бихьа-бихьараб бицине гуребила рохьобе хIама унеб.

bi%a-bi%arab bicine gurebila ro%obe \ama uneb.

Бихьарассда гурони, балагьалълъул кьогIлъи лъаларо.

bi%araSda guroni, balaha:ul pof;i ;alaro.

Бихьарассда рагIарасс бицунге.

bi%araSda rafaraS bicunge.

Бихьарассул рагIи рагIарасс гьересси гьабуге.

bi%araSul rafi rafaraS hereSi habuge.

Бихьизе — хIан, хIанчIизе — муч.

bi%i#e - \an, \anzi#e - mux.

Бихьиларилан цIцIогьги гьабуге, рагIиларилан рагIиги бицунге.

bi%ilarilan ~ohgi habuge, rafilarilan rafigi bicunge.

БихьунгутIи гурони, хIехьонгутIи гьечIеб.

bi%unguTi guroni, \e%onguTi hezeb.

БитIараб бицине бокьани гьитIинассда гьикъе.

buTarab bicine bopani hiTinaSda hiqe.

БитIараб бицине ккола, бицараб кквезе ккола.

biTarab bicine Kola, bicarab Kwe#e Kola.

БитIараб жо лълъецца гъанкъуларо, цIецца бухIуларо.

biTarab $o :eCa vanqularo, `eCa bu\ularo.

БитIараб натIицца борце, тIекъаб къалмиде реххе.

biTarab naTiCa borce, Teqab qalmide re{e.

БитIун ккараб - рокьи, мекъсса ккараб - кьал.

biTun Karab - ropi, meqSa Karab - pal.

БитIун ккани - рокьи, мекъсса ккани - кьал, кьучI гьечIеб жо берзул балагьи буго.

biTun Kani - ropi, meqSa Kani - pal, puz hezeb $o ber#ul balahi bugo.

БитIун кIалъай гьабурав кIодолъиялде щола.

biTun ja;ay haburaw jodo;iyalde &ola.

БицанагIан рагIи гIемерлъула, бухъанагIан ракь гIемерлъула.

bicanafan rafi femer;ula, bu]anafan rap femer;ula.

Бицани бабалабги, бицани дадалабги.

bicani babalabgi, bicani dadalabgi.

Бица-бицарассда ххадув вилълъунге.

bica-bicaraSda {aduw wi:unge.

БицанагIан - рагIи, бухъанагIан - ракь.

bicanafan - rafi, bu]anafan - rap.

Бицанщинаб рагIиги букIунаро, хIамагIанаб бацIги букIунаро.

bican&inab rafigi bujunaro, \amafanab ba`gi bujunaro.

Бицараб рагIи кIочарассда, бицараб чиги кIочола.

bicarab rafi joxaraSda, bicarab xigi joxola.

Бициндал тIекъав лъала, вилълъиндал рекъав лъала.

bicindal Teqaw ;ala, wi:indal reqaw ;ala.

Бицине вортуге, гьабизе ворта.

bicine wortuge, habi#e worta.

Бицун бахъунареб чIамучIаб ххабар, чIаран бахъунареб рачIчI ххалатаб хур.

bicun ba]unareb zamuzab {abar, zaran ba]unareb raZ {alatab [ur.

Бицунге рагIи тIаде чи вачIингун къотIизе толеб.

bicunge rafi Tade xi wazingun qoTi#e toleb.

Бицунеб меххалълъ гьоцIцIо, гьекъолеб меххалълъ загьру.

bicuneb me{a: ho~o, heqoleb me{a: #ahru.

Бицухъе букIунеб - гъаримаб рагIи, абухъе букIунеб - хIатIал гьечIеб кечI.

bicuneb bujuneb - varimab rafi, abu]e bujuneb - \aTal hezeb kez.

Бичараб жо - бортараб жо.

bixarab $o - bortarab $o.

Босараб жо - батараб жо.

bosarab $o - batarab $o.

Бичулеб жоялда тIад ратIал гьанал чIвани, томен тIокIаб щола.

bixuleb $oyalda Tad raTal hanal zwani, tomen Tojab &ola.

Бичун нух босуге, боцIцIи кьун кьал босуге.

bixun nu[ bosuge, 

Бищун гьуинаб жо — макьу.

Бищун рахIатаб мехх буго дида бахIриги бахIриялда дунги рихьичIеб мехх.

Бищун ххалатаб жо — мацIцI.

Бищун чIухIараб жо — хIелеко.

Бищунго къабихIаб жо – живго жинццаго вецци, бищунго къадараб жо – жиндиего бокьулареб гьаби.

Богол рагI — ризаб жо.

Богун вагъарав ххеххго къола.

БогIол мугьгIан цоязе рокьани, гьалил мугьгIан цоязеги рокьула.

БогIол рокьи букIунеб.

Бода гьоркьоб тIон биххани бетIергьанчияссе тIукъби камула.

Божарав чи вугилан рекIелI бугеб бицунге.

Божаравги хваги, щакдараравги хваги.

Божи бугеб магIардайила хIамил гIундул ххутIарал.

Божуда рекIкI гьабуге гьерссиде реччеб тIоге.

Бокьа-бокьараб гьабунила хIамил гIундул ххалалъарал.

Бокьани, ццебе къотIун билълъунебила дуниял, бокьани ххадуб цIцIан бачIунебила.

Бокьанщинаб лълъиейила щвараб, мурадалде щун, щивила хварав.

bopan&inab :iyeyila &warab, muradalde &un, &iwila [waraw.

Бокьараб гурони, рагIуларебила.

boparab guroni, ragularebila.

Бокьараб кьуру биххизе кIолебила рагIуда.

boparab puru bi{i#e jolebila rafuda.

Бокьараб щвечIони, щваралда ракI рази гьабе.

boparab &wezoni, &waralda raj ra#i habe.

Бокьарабщинаб гьабуни, бокьуларебщинаб тIаде бачIунеб.

boparab&inab habuni, bopulareb&inab Tade bazuneb.

Бокьарасс гьетIун бице, бокьарасс битIун бице, бицинебни битIараб бице.

boparaS heTun bice, boparaS biTun bice, bicinebni biTarab bice.

Бокьизеяли гIемер жо бокьила, гIорхъиги лъазе ккола.

bopi#eyali femer $o bopila, for]igi ;a#e Kola.

Бокьоб гIачIар гIадинан, гIергIедулев вукIунев, ГIиялI цIцIелжо кинигин, ээдулев вукIунев.

bopob fazar fadinan, ferfedulew wujunew, fiya/ ~el$o kinigin, eedulew wujunew.

Бокьобе гьечIеб гIи къватIибе бачIунареб.

bopobe hezeb fi qwaTibe bazunareb.

Бокьосса къватIиве вачIун, къориниве лIугьунге.

bopoSa qwaTiwe wazun, qoroniwe /uhunge.

Бокьулареб жо рагIуларо.

Бокьулареб жоялълъе инсан гIинкъавги вукIуневила, беццавги вукIуневила.

bopulareb $oya:e insan finqawgi wujunewila, beCawgi wujunewila.

Бокьуларого гьабулеб хIалтIи гIазабила, бокьун гьабулеб хIалтIи роххелила.

bopularogo habuleb \alTi fa#abila, bopun habuleb \alTi ro{elila.

Бокьунищ хIамида хIучч бахъунеб (гьучч бахъунеб).

Болъо борххалъана, нух рикIкIалъана.

Болъонид хIур кванан, хIамил гIулдул чухIун (чIчIахъадерил).

Боржалида ххабар кьара гьабуге.

Бортаян гьойда абун, гьаян гIанкIкIида абун.

Бортун араб нусалдасса нахъе ххутIараб лъел лълъикIаб.

Бортун унеб генуда гибигун унеб гIеч речIчIараб.

Борххатаб магIарде гьури кколаро, берцинай ясалде рагIи холаро.

Борххатаб тIассан биччай, тIуццаб гъоркьан биччай.

Борхьил аздагьо гьабуге.

Борхьил бетIер аздагьо лIугьиналде чIчIинтIе.

Бохх бекараб цIцIеде рицIцIил гьветI бегараб.

Бохъ валагье, чохъ валагье. БоцIцIи бахIарчияссда хIатIикь букIунеб.

БоцIцIи къваригIуна лъабго къоялълъ, хвараб къоялълъги гIураб къоялълъги, гьобол вачIараб къоялълъги.

БоцIцIудасса чIухIуге, чияр гьумер бухIуге.

БоцIцIул квешлъи — хIалакълъи, хIамил квешлъи — гIин дали.

БоцIцIул хьон рагIийила, гIакдал рахь руссунила.

БоцIцIул хIисаб цIцIаге, хIара босе.

БоцIцIухъ гIумру бичуге, чадихъ намус бичуге.

Бугеб бикъун чIчIарассда квешдб къо чIчIаги.

Бугеб гурони, кьезе кколаро, кьураб гурони квине кколаро.

Бугелда ракI рази гьабе, гьечIелде хьулхьудуге.

Бугесс боцIцIи, гьечIесс налъийила лъималазе ирсалълъе толеб жо.

Бугъие бугъа камуларо.

Бугъил лIаралдаса цIуне, чол малалдасса цIуне, квешаб, чияссдасса кинабго рахъалълъ цIуне.

Бугъил ракI лъураб, тIехI бараб бече.

БугIа хIурулI бекье, ролI хIарщулI бекье.

БукIараб квеш, ккараб лълъикI.

БукIаралдасса бугеб лълъикI.

БукIунареб чIанкIда кIиго чIаву бадулеб (гьерекIдерил).

БурулI чIагIаги чIвавулI квасги квешав россоссда бихьуге.

Бусен тамахаб тIамулеб буго, вегизе къвакIараб букIинин ккола.

Бусен цIилъани, ракI цIилъула.

БухIараб кьечIони, бокьараб щоларо.

БухIаралълъуссайила къехь тIолеб.

БухIарасс гурони хIал абуларо, унтарасс гурони агь абуларо.

БухIилаго кванаге, квандеги пударуге.

БуцIцIа, кIал! БуцIцIинчIони, борта, зар!

Вагъулев ккве чи.

 

Вай, дур кIалзул бахьинлъи! Вай, дур махьил чIчIегIерлъи!

way dur jal#ul ba%in;i! way dur ma%il Zefer;i!

Вай нижер бахIарай, нижер бахIарай,

ЧаххтIида гурони гъалги бихьичIей.

Вай нижер бахIарай, нижер бахIарай,

Гурдида гурони черххги бихьичIей.

way ni$er ba\aray, ni$er ba\aray,

xa{Tida guroni valgi bi%izey.

way ni$er ba\aray, ni$er ba\aray,

gurdida guroni xer{gi bi%izey.

ВакъанагIан бикъула, гIорцIцIанагIан хъантIула

Вакъанани гIодун, гIорцIцIани кьурдун,

ГIадамассул гIамал – манзил къокъаб жо,

Буголъи баккарун, гьечIолъи баххчун,

Чангиясс хIехьечIеб байтулман боцIцIи.

waqanafan biqula, for~anafan ]anTula

waqanani fodun, for~ani purdun,

fadamaSul famal - man#il qoqab $o,

bugo;i baKarun, hezo;i ba{xun,

xangiyaS \e%ezeb baytulman bo~i.

Вакъани къадияссги бикъулеб.

waqani qadiyaSgi biquleb.

Вакъарав вехьассда гирун бачIунеб гьорчо чедилан кколебила.

waqaraw we%aSda girun bazuneb horxo xedilan Kolebila.

Вакъарав квен гьабизеги виччаге, квачарав цIа бакизеги виччаге.

waqaraw kwen habi#egi wiXage, kwaxaraw `a baki#egi wiXage.

Вакъарав къулун лъалев, гIорцIцIарав ворххун лъалев.

waqaraw qulun ;alew, for~araw wor{un ;alew.

Вакъаравги валагьун, муъминчи кваналарев.

waqarawgi walahun, mu'minxi kwanalarew.

Вакъарассда кколебила жив киданиги гIорцIцIиларилан, гIорцIцIарассда кколебила жив кидаго вакъиларилан.

waqaraSda Kolebila $iw kidanigi for~ilarilan, for~araSda Kolebila $iw kidago waqilarilan.

Вакъарассе къо лъагIелгIан ххалатаб.

waqaraSe qo ;afelfan {alatab.

Вакъарассе мочол чедги гьуинаб, къечарассе хIорил лълъимги татуяб.

waqaraSe moxol xedgi huinab, qexaraSe \oril :imgi tatuyab.

Вакъарассда лъорове вугьарав лIугьаравила.

Вакъарассул лъорове вугьарав лIугьаравила.

waqaraSul ;orowe wuharaw /uharawila.

Вакъи хIехьоларесс гIорцIцIиги хIехьоларебила.

waqi \e%olareS for~igi \e%olarebila.

Вакъидал гIодулев, гIорцIцIидал велъулев.

waqidal fodulew, for~idal we;ulew.

Вакъидал хханги хIинкъулевила, хIинкъидал бацIги лIутулебила.

waqidal {angi \inqulewila, \inqidal ba`gi /utulebila.

Вакъиларилан къаде квенги тоге, роцIцIун бугилан буртинаги тоге.

ВакъичIого кванаге, кеп щвечIого велъуге.

Вакъиялълъе дару — кванай, налъиялълъе дару — бецIи.

Вакъун вугищ? — ГьечIо. МагIарул бахIарчиясул жавабал. Къечон вугищ? — ГьечIо. Квачан вугищ? — ГьечIо.

Валагьарассе бигьаяб жо буго гIодоб расанди.

ВалагьичIого векерарассул квергIаги гIодоб чIвала.

Вас вугев эбелалълъул гIеретI борххуге.

Вас гогьдаризавуни, чухъа ххалат лIугьуна, яс гогьдаризаюни, мерго тIалаялда тумакI речIчIула.

Вас квешав вугониги, нус лълъикIай щваги.

Вас хварай эбелалълъул гIадаб магIу букIунареб.

Васаз кочIолI ахIулареб, ясаз магIилI бахъулареб.

Васал чанадулеб чиярги гIадат, эбел чанадиялълъ чара хун буго.

Васассе ригьин гьабиги, ясалълъул рагIи бицинги рагIулълъе нуцIцIа рагьи буго.

Васассул лъималаз нилIеран абурабила, ясалълъул лъималаз нижеран абурабила.

Васниги ясниги гурони чIчIужуялълъ басриял хьалбал гьаруларо.

BатIан гьечIев чи - чед гьечIеб таргъа. 

Вахъине лъаларев гIодов чIчIезавуге. ВахIалда хIатIал рукIунаро, гьарчида берал рукIунаро.

Вахъун чIчIун хIалтIарав вегун кваналев.

Ваццан кьабуниги, къотIула, тушманан кьабуниги, къотIула.

Ваццго вацц вугониги къолол бетIер гьабе.

ВацIцIадав вахъинчIони, хъубав тIатунаро.

ВачIаги лъала дида вачI-вачIги лъала.

ВачIинеги лъай, инеги лъай.

ВачIуневги гIадат, вахъуневги гIадат.

Вегизеги лъай, вахъинеги лъай.

ВелъанагIан гIодизе ккола.

Вере, гъапу рагьуге, гъванкан чияцца къалеб.
Вере, тIокIлъуге! ТIоклъани, камула.
Вереялълъ гьорчо кколаро.
Вехь вокьарассе гьойги бокьулеб.
Вехь гIияда нахъа лълъикIав, гIел руккалилI лълъикIав.
Веццуге, какизе ккезе гурин, какуге, веццизе ккезе гурин.
Векьарухъан къуни, кьал къолеб.
ВитIунчияссда нич гьечIеб, гьарчида бер гьечIеб.
Вихьизе гохIдеги вахун, ваххчизе кIкIал балагьуге.
Виччун чи холаро.
Вокьуларев чиясс гьабураб жо кинабго квешаб.
Вокьуларев чияссда асскIоялдасса ракьул гвандиниб лълъикIаб.
Вуссине ссвери тIагIунгеги, ссверизе ватIан тIагIунгеги.

Гагу хунилан хур бекьичIого толаро.

Галицца буххун ралъад тIагIинаро.
Гама лълъикӀаб букIиналълъ ракъдада хьвадуларо.
ГамачI речIчIаниги, хоно, хоно речIчIаниги, хоно.
Гамач гебегунилан мугIрул багьа хвеларо.
ГамачI гъогъол гохIда лълъикI.
Гамидаги вукIун, гамихъангун вагъуге.
Гамихъан кьал гьавуге, кьурулIан на бахъуге.
Ганщида данде бани, бече тIомода лъола.
Гаргадизе лъачIони, гаргадичIого вукIинегIаги лъазе ккола.

ГарцIцIида кколебила кинабго мегъ жиндиргойилан,

  • къоркъода кколебила, киналго лълъимазул иххтияр жиндихъ бугебилан.

ГаячIилълъ речIчIаниги руз холеб, гамачI речIчIаниги руз холеб.
Гважуда кIалдибе тIил бегьуге.
Гважуцца рачIчI хьвагIичIони, гьой ххадуб бачIунаро.
Гванзаб хIал, хIораб рахь.
Гурга кварал, чед кварал чиядаго рагIичIо, цо квараб дир макари годекIаниб лъун буго.
Генул гьотIодасса гIечI чIваге.
Гирулеб гьецIцIоялда хIет бижуларо.

ГодекIан цIакъаб жо, хIикматал щвани, хIалихьатал чагIалълъ гIодов чIчIечIони.

ГодекIаниб лълъикIаб жо — миккихIехь.

 

ГодекIанив цIакъав гIалххуда вагъуларев.

godejaniw `aqaw fal{uda wavularew.

Гозо ссверичIеб жоялълъ гьан кунареб.

go#o Swerizeb $oya: han kunarab.

ГорботIа рокьо гурев, рукьал гIа цедер гурев.

gorboTa ripo gurew, rupal fa ceder gurew.

Гордаби рагьиларилан чIчIарасс нуцIцIа рагьизе кколеб.

gordabi rahilarilan ZaraS nu~a rahi#e Koleb.

ГордилI цIул гьабе, цIулалълъ гъабу гьабе.

Гордухъан бачIараб гордухъан унеб.

gordu]an bazarab gordu]an uneb.

Горил рагIал гьечIеб, рагIул аххир гьечIеб.

goril rafal hezeb, raful a{ir hezeb.

Горо чIахIиял жалила лъимал.

goro za\iyal $alila ;imal.

ГохIда гьабун, хIор чIчIолареб, кьан хIамил рачIчI букIунареб.

go\da habun, \or Zolareb, pan \amil raZ bujunareb.

Гудрада тIатIи гIункIкI гIорцIцIизе гуребила бухьунеб, гудрацца гIункIкI кквезейила.

ГудратIа моххмохх гурони, чIобого кьолеб жо букIунареб.

gudraTa mo{mo{ guroni, zobogo poleb $o bujunareb.

ГудратIа тIагIи гIункIкI гIорцIцIизе гуребила балеб, гIункIкI кквезейила.

gudraTa Tafi funJ for~i#e gurebila baleb, funJ Kwe#eyila.

ГудратIе ккани, гъалбацIги кколебила.

gudraTe Kani, valba`gi Kolebila.

Гула-ххер гьечIони, чан щоларо.

gula-{er hezoni, xan &olaro.

Гулгун хурибе инаро, хума чIарадиларо.

Гула-ххер гьечIони, чан щоларо.

Гулида гIанкIкI речIчIун буго.

Гулицца цо чи чIвала, мацIцIицца нусго чи чIвала.

Гулицца цояв чIвала, мацIцIалълъ нусгояв чIвала.

guliCa coyaw zwala, ma~a: nusgoyaw zwala.

ГунащмагIна гьабуге, битIаралълъе нух биччай.

guna&mafna habuge, biTara:e nu[ biXay.

Гургинаб тIад чIчIеларо, чIчIинтIараб гириларо.
Гучид ца бихьичIого, царад магъ хьвагIуларо.

Гъабу релълъараб бугониги, цIцIибил батIи-батIияб букIуна.
Гъадицца гъадил бер бахъулареб. Гъадицца нухъил бер бахъараб.
ГъалбацI гьечIеблъи лъани, рохьоб ци басандула.
ГъалбацI царае ххан буго.
Гъанкъилищан абурабила тIоххоцца, балагьилинхха цоян абурабила родоцца.
Гъассда кватIани, я гIемер лълъим гьекъола, я лълъадулгун рагIи ккола.
Гъассда гьудул гьавуге.
ГъветI бахIаргойин гьетIулеб.
ГъветIалда релълъараб пихъги букIуна.
Гъеду къакъадунилан лочнол къадру хвеларо.
Гъогъолъейила гьорчо реххулеб.
Гъодоцца буххун, ралъад тIагIарабила.
ГъотIое къимат пихъ бихьун кьола, гIадамассе хIалтIи бихьун кьола.
ГъотIол рагIад хIохьоде ссверичIого букIунаро.
ГъотIол ххал гьабуге, пихъ кванай.
ГъоцIцIоцца махх ккола, россасс чIчIужу ккола.
Гъутабазда гIазу — гъудузе бертин.

Гьаб кIочараб бихьугегиян абурабила гирун унеб бетIералълъ.
Гьабигьанассда гьабил дваргъи рагIулареб.
Гьабигьанассул чед кIудйяб, чанахъанассул гьан кIудияб.
Гьабизе бокьани, кIоларебги лъаларебги жо букIунаро.
Гьабизе жо тIагIарасс как бала, кваназе жо тIагIарасс кIал ккола.
Гьабизе Карим — кваназе ГIаща.
Гьабизе лъарассе квасул дуниял, квине лъарассе нахул дуниял.
Гьабихъги къвачIа мах бахараб рекъарабила. (гIонкIкIол кици).
Гьабихъ вугев вакъуларо, корохъ вугев вугьуларо.
Гьабихъа хъанда гIадин вуссана.
Гьабихъего ссверулеб дуниял, чадихъего бекулеб.
ГьабичIеб жоялълъул цIцIар рагIиларо.
ГьабичIессе гьечIилан магъилI хIинчIчIги ахIдола.
ГьабичIони, жо букIунаро, бекьичIони, хур букIунаро.
Гьабулаго квинчIони, кунаго ххутIула.

Гьабулеб жо чияр лълъикIаб, чияда рекъонгутIизе мун лълъикIав.
Гьабун-гьабунила гьидалIессул гъвала лIугьараб.
Гьабун куцараб квер, кванан куцараб чехь.
Гьабуни букIунеб жо буго кеп. КIваричIеб гьабуни, кIваричӀеб лIугьуна.
Гьабунщиналде бухIун лълъим щвана.
Гьабураб квание чи камуларо.
Гьабурасс какулеб, кварасс беццулеб.
Гьабурассе гьабизе цо къоги — нусго сон, нусго сонги — цо къо.
Гьабурассе гьабураб батула, гьабичIессе гьабичIеб батуларо.
Гьабухъе букIунеб жо буго дуниял.
Гьавудила — гIорцIцIила, гIодов чIчIела — вакъила.
ГьарудичIони, кваналаро, квалквадичIони, букIунаро.
Гьарудуларел квераз квасул нухи къаларо.

 

Гьекъараб муслъаги, кванараб хIалаллъаги.

heqarab mus;agi, kwanarab \alal;agi.

Гьекъарав чигун гаргадизегIан горбоцца гIуру бухъиго лълъикIаб.

heqarab xigun gargadi#efan gorboCa furu bu]igo :ijab.

Гьекъедал вагъулев, вигьиндал ваххчулев.

heqedal wavulew, wihindal wa{xulew.

Гьекъедал – хIелеко, вигьиндал – гIанкIу.

heqedal - \eleko, wihindal - fanju.

Гьекъел босулев чи – гIакълу бичулев чи.

heqel bosulew xi - faqlu bixulew xi.

Гьекъел босулев чи – питна босулев чи.

heqel bosuleb xi - _itna bosulew xi.

ГьекъечIого меххтарав, меххтичIого вигьунев.

heqezogo me{taraw, me{tizogo wihunew.

Гьекъолдухъан хъизаналълъе тушманав, гьерссихъан киназего тушманав.

heqoldu]an ]i#ana:e tu^manaw, herSi]an kina#ego tu^manaw.

Гьекъолдухъанассда гьекъолдухъан тIаргъил щомериялълъухъ валагьун лъалев.

heqoldu]anaSda heqoldu]an Tarvil &omeliya:u] walahun ;alew.

Гьир бакIлъани, хIама чIчIола, хIосс бекани, гьоко чIчIола.
Гьирда къачIони, къвачIида батуларо.
Гьиридасса тIутI бачахъе. Гьури хIалакъазул хIалтIуда цIа рекIуна.

ГьитIинаб гьунаралдасса чIухIуге, кIудияб гьабулаго хъущтIизе гурин.
Гьойдул ххвалчен – чурийила, чодул малъар - кIалцIийин.
Гьорол къоялълъ куй биче, цIцIадал къоялълъ чу биче.

Гьорол къоялълъ хIелкил рачIчI гIадав.

ГIадан басра гьавурассда басрияб къо бихьула.

ГIадан божулареб гIумруялдасса цIунаги!

ГIадан кIиго нухалълъила загIипав вукIунев - вижулагоги, холагоги.

ГIадан чIвалеб жо – чIухIи.

ГIаданлъи гьабизе гIумруялълъулI кватIун букIунареб.

ГIадамал ритIизаризе лIугьарав тIекъав чи – рагIад битIулареб тIил.

ГIадамассе къимат ратIлихъ кьоге.

ГIадамассул квешлъи – гIамал кIодолъи, гIакдал квешлъи – рахь биччангутIи.

ГIака бечIчIизе лъаларелълъ «лолон гьетIун бугилан» абурабила.

ГIакълу зар гIанав – гIамал зоб гIанав.
ГIакъуба бихьичIесс къо хIехьоларо.

ГIамал кIудияв чи – гIадамазул тушман, лIар бегIераб хIайван – хIайваназул тушман.

 

ГIащтIи хвезе ноцIцI гIадав, цIцIан гьечIеб чурпа гIадав.

fa&Ti [we#e no~ fadaw, ~an hezeb xur_a fadaw.

ГIашура къваридаб, къурбан гIатIидаб.

fa^ura qwaridab, qurban fadinab.

ГIебуда зар баге, зазида хIетIе чIчIоге.

febuda #ar bage, #a#ida \eTe Zoge.

ГIебуялдасса бегIераб жо – гIолохъанчияссул ракI, моххмоххидасса кьарияб жо – мегIер.

febuyaldaSa beferab $o - folo]anxiyaSul raj, mo{mo{idaSa pariyab $o - mefer.

ГIебуялълъ гIебу борлIулареб.

febuya: febu bor/ulareb.

ГIедал течIони, хведал толебила.

fedal tezoni, [wedal tolebila.

ГIедал щарги чIвалеб, ккедал (щведал) чиги чIвалев.

fedal &argi zwaleb, Kedal (&wedal) xigi zwaleb.

ГIедал яс раса-цIцIалкIугун ягъулей.

fedal yas rasa-~aljugun yavuley.

ГIедал яс россассе кье, яс йиго цIцIорол цIарагI.

fedal yas roSaSe pe, yas yigo ~orol `araf.

ГIедал ясалълъе росс щваги, бокъиндал лалие гьури бачIаги.

fedal yasa:e roS &wagi, boqindal laliye huri bazagi.

ГIемераб рокъоб лълъикIаб, рекъараб ургьиб лълъикIаб.

ГIемерго пударун бакъул ххинлъи хвезабуге

ГIемер чIчIейги цIцIар гуро, чIчIечIого вилълъинги рецц гуро.
ГIолохъанчи диццаги рехханин, херав чиясс дунги рехханилан абурабила нухалъ.

ГIумру буго гIурччинаб ххер гIадаб жо - балагьалдасса ххвассарлъаниги, ххарицелалдасса борчIулареб.

ГIумру буго рахIатгун хIалихьалъи, захIматгун бахIарчилъи бугеб жо.
ГIор щун букIаго цIул бахъе.

ГIумру - гьабизе лъалессе талихIила.

ГIумру кьурасс хвелги кьолебила.

ГIумруги бихьарав, бихьанщинабги хIехьарассул гурони букIунаребила гIадамал разияб гIамал-ххассият.

ГIумруялълъ хIалтIун бечелъарав, гIорцIцIун хваравила.

ГIумруялълъулI хIалтIи гьечIессе къо ххалатабила, рокьи ккарассе сордо ххалатабила.

ГIумруги талихIила, хвелги талихIила.

ГIумруялда рекъарабила хвелги букIунеб.

ГIумруялълъул багьа цIцIанихъ кьоге.
ГIурай яс рокъой йигони, нусалълъе рахIат толаро. (КIиабилей якьадалълъ нусалълъе рахIат толаро).
ГIурул рагIалде щвечIого хьитал рахъуге.
ГIурул хIарим гIоралълъ уна, лъарал хIарим лъаралълъ уна.

ГIурччинлъи савуялълъ бухIула, гIадан – рекIел гьаваялълъ.
ГIухьби гIемераб гIи бацIицца гьурула.

Дагьав гаргаде, гIемер хIалтIе.
Дагь кIалъалессул хIалтIи гIемераб.
ДагIнил цIцIоко кьун, цIцIел хъвайи босуге.
Дадил ургъел гIоркь ккурасс гьабила, гIиял тIалаб тIил ккурасс гьабила.
Дангизеги дун дангун, донкIинивги дун тIамун.
Дандежоялълъул хур бекьулареб.
Данде ккарав чи чIвараб, чанай араб гьой чIвараб.
Даран рекIкIалълъ гьабула, ригьин реццалълъ гьабула.
Дармил эбел-эмен гьечIел.
Дармицца къей — анкьил ургъел, хуруцца къей — лъагIалил ургъел, ригьнацца къей — гIумруялълъул ургъел.
Дару камураб унти букIунареб, багьана камураб гьересси букIунареб.
Дида ракIалда цIцIани, цIцIаназда ракIалда цIанкьеро.
Дида чанги бакъан лъалаанилан абурабила къоркъоцца, щокъробе лълъим кIанцIун, гъанкъилебилан гуребани.

 

Дие хъвалеб чагъана, чахъабазе бачунеб наку.

diye ]waleb xavana, xa]aba#e baxuneb naku.

Дие щиб, кин кканиги! – ян абурабила гъоркьа палугьанасс.

diye &ib, kin Kanigi! - yan aburabila vorpa _aluhanaS.

Дие щибан абун буго гъоркьа палугьанасс.

Диего гIоло абулеб батани, чехь бихъаги, гьирдани къвачIа рекъараб бугилан абурабила гIонкIкIоцца.

diye folo abuleb batani, xe% bi]agi, hirdani qwaza reqarab bugilan aburabila fonJoCa.

Дикьа къолей рокъой йигилан, къватIив къурасс чIчIужу юххарайила.

dipa qoley roqoy yigilan, qwaTiw quraS Zu$u yu{arayila.

Дир аниб кванан, чияр доба къинлъун.

dir anib kwanan, xiyar doba qin;un.

Дир бадиссан ялагьун, дир кIалдиссан кIалъан.

dir badiSan yalahun, dir jaldiSan ja;an.

Дир бикъаги, дицца бикъугеги.

dir biqagi, diCa buqugegi.

Дир вас гIезегIанищила рагъ ккезе чIчIун букIараб.

dir was fe#efabi&ila rav Ke#e Zun bujarab.

Дир-дуралълъул бицани, росс-лълъадулцин рагIи ккола.
Дир хур багъарулеб гьечIо, дур гIи багьарулеб буго.
Дир хIатIал ссвакачIого, дир къваригIел тIубаларо.
Дирго боцIцIи чияеги кьеларо, чияр чулпа диеги бокьиларо.
Дида абилеб дуцца абуни, дицца щиб абилеб!

Дицца гьабилилан бахIарчилъи гьабулареб, дицца чIвалилан чи чIваларев.
Дицца кьуни, диеги кьола.
Диццани как бала, дирни куйдуз баларо.

Добассан цIулакьо бегьичIони, аниссан моххмоххалги регьуларел.

dobaSan `ulapo behizoni, aniSan mo{mo{algi rehularel.

Добго гьороб добго гьури (гьерссихъанассде).

dobgo horob dobgo huri (herSi]anaSde).

Дове цадахъ босун уневги вихьичIила, добе щвезабизе уневги вихьичIила.

dowe cada] bosun unewgi wi%izila, dobe &we#abi#e unewgi wi%izila.

Долого бекьараб хуралдасса квер босе.

dologo beparab [uraldaSa kwer bose.

Доморун вега, долого вахъа.

domorun wega, dologo wa]a.

Доморун вегарав диндарун вахъуна.

ДугIаялдасса богIол хуралълъе ракго рекъолебила.

dufayaldaSa bofol [ura:e rakgo reqolebila.

Дуда рагIа, дида бихьа.

duda rafa, dida bi%a.

Дуда хIама батила мучIчIдузда гогьдарулеб, кIкIалахъ гъалбацI бихьила гьекъезе лълъим щолареб.

duda \ama batila muZdu#da gohdaruleb, Jala] valba` bi%ila heqe#e :im &olareb.

Дуда тIил кьабизегIан чIчIа кьурдизе.
Дуда цо лъала, царада кIиго лъала.
Дуда ццин бугони, дандеяссдаги ццурараб гьоло букIунареб.

Дудаго гьечIеб чаран чияда лъоге.
Дудаго натI букIаго чияда бугеб рокьоб борцунге.

Дуени дир РахIматги йокьила, кьеларохха.
Дуего бокьулареб жо чияеги гьабуге.

ДулI гьечIеб реццалдасса цIуне - гIадамаз мун веццизе бегьула, дур квешлъи лъаларого.
Дун вазнивги дицца вазнивги чи дида чабххитIассан ваккаравго лъала, (магIладерил кици).
Дун кибе! Дун кибе — ян букIунебила талихI, аххирги рощногохIде кколебила.
Дун хIежалде инилан абурабила мочол мугьалълъ. (гьунар гьечIев веццарухъан).
Дун чияда хъваларо, чи дидаги хъваге.
Дунан абуге, нилIан абе, диран абуге, нилIеран абе.

Дунго-дун, – ан вукIунев чи чияе басралъулев.
Дуниял буго баи, дихъего билълъунеб жо.

Дуниял буго бетIергьанчиясс бачухъе билълъунеб хIама гIадаб жо.
Дуниял буго гьобо гIадаб жо.

Дуниял гьабизе гIакълуги кьеги, аххират гьабизе иманги кьеги.

Дуниял гьабизеги лъай, кваназеги лъай.

Дуниял - гьабизе лъаларессе - жужахI. 

Дуниял-гIаламги гIуцIцIун, рокIкIен гIицIцIго ххутIулебила.
Дуниял къваридав чи вуго чи чIварав чи.
Дуниял роцIцIун бугилан буртинаги тоге, вакъиларилан къаде квенги тоге.

Дуниял цIезе бокьараб рагIи, гIинде къулун шуре.

Дунял буго бокьани гIуцIцIулеб, бокьани биххулеб жо.
Дунял гьабизе ккани, я рокьи букIине ккола, я жахIда букIине ккола.

Дунялалълъул боцIцIи бугониги - балагь, гьечIониги - балагь.

Дунялалълъул талихI - ригьнал талихI, аххираталълъул талихI - хабал талихI.

Дунял бакъуцца гьабула, чи - гIакълуялълъ гьавула. 

Дунял буго гьобо гIадин тирулеб жо.
Дур-дурун хьонде унарей, хъан-хъамун бакъде унарей.

Дур ракIалълъул паххрулъи, дур ссанкIазул рацIцIалъи!
Дур ургъел гьабуларессдеххун ургъел бикьуге, мун вокьуларезул кумекалде хьул лъоге.
Дур хIал дицца бихьилаан, хIарщукъали, гьадаб Аллагьассул тушман гьаваялда гьечIебани.
Дур цIцIар ахIичIого, ияян жаваб кьоге.
Дураб бихьун дираб, дираб бихьун дураб.
Дурго гIайибал раххчун, чиярал къватIир чIваге.
Дурго рагIад кIодолъун бихьуге.
Дурго рагIи ккун чIчIоге, дандеяссухъги гIенекке.

Дурго рачIчIалзухъ балагьун, гIегIеде, хIелеко.
Дурго чода бараххщун, чияр чу рекIунге.
Дургояб чвантиниб тун, чияр квен кванаге.
Дургун бакъан рекъоларессулгун къайицадахълъи гьабуге.
Дургун ракI ссукIарав, салам кьун нечезаве.

Дуццаго бекьана, дуццаго лъилъе.

duCago bepana, duCago ;i;e.

Дуццаго бухъаралълъуве мунго кколев.

duCago bu]ara:uwe mungo Kolew.

Дуццаго веццуге, чияцца веццизегIан чIчIа.

duCago weCuge, xiyaCa weCi#efan Za.

Дуццаго гьабичIони, дур ургъел цогидазги гьабулареб.

duCago habizoni, dur urvel cogida#gi habulareb.

Дуццаго гьабуралълъулги багьа гьабе.

Дуццаго гьабураб лълъикIлъи кIочене те, дуего гьабураб кIочон тоге.

Дуццаго дудаго зинкIкIе, чияда зинкIкIани кин букIунебали лъазе.

duCago dudago #inJe, xiyada #inJani kin bujuhebali ;a#e.

Дуццаго нахъе бацIцIине кколеб жо туге.

duCago na]e ba~ine Koleb $o tuge.

Дуццаго реххичIел ххинкIал хIарччинисса ралагьуге.

Дуццаго цIетIе реххичIел ххинкIал хIарччинисса ралагьуге.

duCago `eTe re{izel {injal \arXiniSa ralahuge.

Дуццаго чед тIохьтIол кун, чияе ролIул кье.

duCago xed To%Tol kun, xiyaye ro/ul pe.

Дуцца эмен кваназавураб щурминиссан васасс мунги кваназавизе вугев.

Жавгьар кисинибги тун, кепек балагьуге.
Жадул лIар гьекъезегIан, цIадул лIар гьекъей лълъикIаб.
Жакъа кунеб квен метералде те, метер гьабизе бугеб хIалтIи жакъа гьабе.

Жакъа мун велъарав, метер дуда велъизе гурин.
Жакъа тани, метер гьабизе ккола.

 

Жал бурияб бацI лIугьинчIев, лIар ххечаб оц лIугьинчIев.

$al buriyab ba` /uhinzew, /ar {exab oc /uhinzew.

Жалацца кквечIев рачIчIалълъ кколаро.

$alaCa Kwezew raZa: Kolaro.

Жалго гьоболассе гьабигIан квешал – гьоболлъухь гурони, сордо баларел.

$algo hobolaSe habifan kwe^al - hobol;u] guroni, sordo balarel.

Жалго гIезегIан лъималазе бищунго херал чагIи рокьулел, кIудиял гIейгун бищунго херал чагIи рихунел.

$algo fe#efan ;imala#e bi&ungo [eral xafi ropulel, judiyal feygun bi&ungo [eral xafi ri[unel.

Жаниб тани – турулел, течIого бицани – ссурулел.

$anib tani - turulel, tezogo bicani - Surulel.

Жанибе нударичIо, къватIибе бадаричIо, дицца лъимал кин хьихьилел?

$anibe nudarizo, qwaTibe badarizo, diCa ;imal kin %i%ilel?

Жаниб тIагъур гьечIеб тIадгIагъур гIадав, жаниб гъвар-гъвар гьечIеб царгъил тIи гIадав.

$anib Tavur hezeb Tadfavur fadaw, $anib vwar-vwar hezeb carvil Ti fadaw.

Жанир рукIун – рукъ чIунтарал, рокьор рукIун – хур чIунтарал.

$anir rujun - ruq zuntaral, roqor rujun - [ur zuntaral.

Жанир херлъаги, хвезе кватIаги.

$anir [er;agi, [we#e kwaTagi.

Жанисса гьодорав – гьаракь кIудияв.

$aniSa hodoraw - harap judiyaw.

Жаниссан хIал хъубав гьалмагъ гьуссун тIамураб гьоялдассаги квешавила.

$aniSan \al ]ubaw halmav huSun Tamurab hoyaldaSagi kwe^awila.

ЖамагIаталълъул пуруцц кьурдаги рекIуна.
Жаниб жо гьечIеб къвачIа гIункIкIицца букъуларо.

Жиб-жиб росолI гьобол лълъикIав.
Жиб гьитIинабгIан цIцIунцIцIраялълъ ракь гьобогьуна.
Жибго-жибго биччани, ябу чуги бергьуна.
Жибго къвакъвадунила мокъокъицца бусен тIатинабулеб.
Живго гIодов ккарав ххеххго вуцIцIуна.

Живго – гIодов, ракI – магIарда.

Живго – гIодов, ххиялал – зодор.

Живго жиндаго вихьуларессе вихьизавизе чи къваригIуна.

Живго жиндиего гIейги гIабдалассул иш буго.

Живго жиндиего гIурав гIадамазе басралъула.
Живго жинццаго веццанищ — хвана хIалтIи.

Живго цохIо сапаралде унессул берал мугъалда нахъа рукIине ккола.
Жинда бугеб рухI бихьунила хIанчIидасса би баккулеб.

Жиндаго чийилан ккарав – чияцца хIалихьатилан тарав.
Жиндего ккараб меххалълъ чучун, чияде ккараб меххалълъ хIамалъун.
Жиндирго рокъоб къадаццаги кумек гьабула.
Жиндирго чорххолI гьечIеб чияцца босуларо.

Жинццаго бухъаралълъубе живго ккола.

Жинццаго веццарав, чияцца какула. 
Жинццаго живго квегъарав каламалълъулI цIунула.

Жинццаго квани, чехь унтулев, чияцца квани, мугъ унтулев.

$inCago kwani, xe% untulew, xiyaCa kwani, muv untulew.

Жинццаго квен кунев, кванцца живго кунев.

$inCago kwen kunew, kwanCa $iwgo kunew.

Жинццаго цIуничIеб къадру чияцца цIунулареб.

$inCago `unizeb qadru xiyaCa `unulareb.

Жинццагоги гьабулев, жиндиегоги гьабулев.

$inCagogi habulew, $indiyegogi habulew.

Жинццагоги кунареб, кунелълъеги биччалареб.

$inCagogi kunareb, kune:egi biXalareb.

Жинццайин урбаялда гьоцIцIо рагIизабурабилан абурабила хьодоцца.​

Жого гьечIого жо букIунаро.
Жого гьечIого ссанде рахъу щваларо.

Загьруги лъазабе, гьекъечIого тезе.
ЗагIипассде къавукъунге, къадарав чияссулгун хоноги чIваге.
Заз бекьани, заз бижула, унти бекьани, толо бижула.
Заман букIана боз щолареб,
Заман бачIана дарай гIолареб.
Заманалълъ гурони чи квегъуларо.
Заман нилIеда рекъечIони, нилI заманалда рекъезе ккола.
Заназда кьурдуге, майданалда кьурде.
ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарасс, бекьичIого лъилъе, нилъ гьечIого хур.
ЗахIмат бокьичIого, рахIат бокьарасс, бакьулIа гIункIрукьалълъ кьурун бацIцIе кIал.
ЗахIмат бихьун щвараб шагьи чIобого щвараб гъурщидасса кIудияб.
ЗахIматалълъ цагъур цIола, царгъицца рукъзал рала.
Зобалда кьвагьараб, ракьалда тIатарабила.
Зобалълъул кьералълъухъ валагьуге, ракьул куцалълъухъ валагье.
Зулму гьабуге, мун кьижула, дуцца зулму гьабурав ворчIун вукIуна.
Зулмучияссда зулмучи гъеждассан ваккун вукIуна.
Зурма рекъезе къали кIутIулеб.

Инаро дун хIорихъе, хIатIазде бакъ щвечIого, (кIкIухIалассул кици), хIетIеги бахъиларо, гурга кодоб кьечIого.

 

Инссуда малълъаруге, гьесс малълъараб гьабе.

inSuda ma:aruge, heS ma:arab habe.

Инссуе йокьун, васассе ячарайила, эбелалълъе вокьун, яс кьурайила.

inSuye yopun, wasaSe yaxarayila, ebela:e wopun, yas purayila.

Инссуеги лъимал жиндиего жо кьолел рокьулел.

inSuyegi ;imal $indiyego $o polel ropulel.

Инссул гьоболги тоге, эбелаб нухги тоге.
Инссул рател бичарасс бачаго хIал росула.
Инссул хIатI босуларев вас вукIунаро.

Инссуцца ххер бичани, васасс хур бичулеб.

inSuCa {er bixani, wasaS [ur bixuleb.

Инссуцца соно квани, лъималазул цаби секколел.

inSuCa sono kwani, ;imala#ul cabi seKolel.

ИнчIевани лъаргIиве, лъачIевани Магьдида.

inzewani ;arfiwe, ;azewani mahdida.

ИнчIого къоги беццуге, вихьичIого чиги веццуге.

inzogo qogi beCuge, wi%izogo xigi weCuge.

ИнчIого ххаселги беццуге, хвечIого нуцалчиги веццуге.

inzogo {aselgi beCuge, [wezogo nucalxigi weCuge.

ИнчIого, хвечIого чияссул къимат лъаларебила.

inzogo, [wezogo xiyaSul qimat ;alarebila.

Ирсалълъе щвараб гъамасс цIураб меседалдасса васассул кверзул маххщел бергьунебила.

irsa:e &warab vamaS `urab mesedaldaSa wasaSul kwer#ul ma{&el berhunebila.

Исана сон савуд хварабгIаги.

isana son sawud [warabfagi.

Иссхъалидул чухъида хъабарча бащалъиларо.

iS]alidul xu]ida ]abarxa ba&a;ilaro.

Итни къо къоялгун шагьадулеб.

itni qo qoyalgun ^ahaduleb.

Их бащалъизегIан божи бугеб хур тоге.

i[ ba&a;i#efan bo$i bugeb [ur toge.

Их лълъамалъичIони, лълъидир бакъвалъулареб.

i[ :ama;izoni, :idir baqwa;ulareb.

Их тIеренаб бачIани, тIил бегIераб букIуна.

Ихдал гьури – гьанал барти.

i[dal huri - hanal barti.

Ихдал кьижани, кьиндал вакъула.

Ихдал нилIецца къолеб, ххаслихъе нилIее кьолеб.

i[dal ni/eCa qoleb, {asli]e ni/eye poleb.

Ихдал хур реххун тоге, ххасало рукъ реххун тоге.

i[dal [ur re{un toge, {asalo ruq re{un toge.

Ихдал хурибе бачIони, ххаслихъе цагъринибе балареб.

i[dal [uribe bazoni, {asli]e cavrinibe balareb.

Ихдалил лълъалъ — гъотIол карае, ххасалил лълъалъ — кьолбое.

Ихдалил къоялълъ лъагIалицца кваназарула.
Ицикоги кетоги цого жойила.
Иццазулин лъар лIугьунеб, лъаразулин гIор лIугьунеб.
Иццул бетIер — тIохил гомог.
ИчIгоялълъ гьабе, лъабгоялълъ кванай.

Каву къасси рахай, радал ричIе.
Каву тезегIан тIехх, тIехх тезегIан карщ.
Какни базабунин, алхIамгIаги цIцIализабе кIолеб батани.
Капек камун, шагьи босуларо, шагьи камун гъурущ босуларо.
Камиллъигун моцIцI тIасса бекула.
Каранццайин МухIама реххарав.
КартIинибе квер бегьани, гIонкIкIоццаги хIанчIула.
Карщ бухIун тIей, хIисабин.
Катида ццебе моххмоххги тоге, гIун ххадуй ясги рокъой тоге.
Катие маххссара — гIонкIкIое — гажи.
Катил кумек бугони, гIункIкIазул хIал кколаро.

Кваназе бокьараб меххалълъ катицца тIинчI рахъдалI чIвачIвалебила.
Кваназе лъачIони, хIалакълъула, хIалтIизе лъачIони, мискинлъула.

 

Кванай вакъидал, рокьи гIолохъанго гьабе.

kwanay waqidal, ropi folo]ango habe.

Кванай кьарияв, хIалтIи хIалакъав.

kwanay pariyaw, \alTi \alaqaw.

Кваналаго кIалдиб къачIони, къулчIчIулаго щокъроб къалеб.

kwanalago jaldib qazoni, qulZulago &oqrob qaleb.

Кваналареб хIамицца ХIоццомегIер бегулареб.

kwanalareb \amiCa \oComefer begulareb.

Кваналарищан абураб жо – кванагеян абураб жо, гьекъеларищан абураб жо – гьекъогеян абураб жо.

kwanalari&an aburab $o - kwanageyan aburab $o, heqelari&an aburab $o - heqogeyan aburab.

Кваналел ратани, кванай, хIалтIулел ратани, хIалтIе.

kwanalel ratani, kwanay, \alTulel ratani, \alTe.

Кваналареб баси басандулареб.

kwanalareb basi basandulareb.

Кваналареб хIамицца ХIоццоб мегIер бегуларо.

Кванан бахъарабдай, нахъе тарабдай?

kwanan ba]arabday, na]e tarabday?

Кванан рахъараб меххалълъ, рукъ чиярлъулеб.

kwanan ra]arab me{a:, ruq xiyar;uleb.

Кванан гIорцIцIуларев чIчIикIунги гIорцIцIиларо.

kwanan for~ularew Zijungi for~ilaro.

Кванараб хIарччинибе хIацIцIу туге.

kwanarab \arXinibe \a~u tuge.

КваначIого, гьекъечIого вакъизеги вукIунге, гIемер кванан, гIемер гьекъон, къаличехьги гьабуге.

kwanazogo, heqezogo waqi#egi wujunge, femer kwanan, femer heqon, qalixe%gi habuge.

КваначIого хIалтIани, черхх нахъе кколеб, хIалтIичIого кванани, рукъ нахъе кколеб.

kwanazogo \alTani, xer{ na]e Koleb, \alTizogo kwanani, ruq na]e Koleb.

КваначIого хIалтIуге, хIалтIичIого кванаге.

kwanazogo \alTuge, \alTizogo kwanage.

Кванда квешабилан абизе бегьуларебила.

kwanda kwe^abilan abi#e behularebila.

Кванил тIагIам хварассе ххарбил кеп букIунареб.

kwanil Tafam [waraSe {arbil ke_ bujunareb.

Кванда чIухIуларев хIалтIудаги чIухIуларев.

kwanda zu\ularew \alTudagi zu\ularew.

Кварабги гьекъарабги — нилIер, квинчIого, гьекъечIого тараб — чияр.

Кваралълъ эххеде, ххуралълъ гIебеде.
КвартIил гIуж лъунилан гIарцул къимат холаро.
Квасул куналълъ зоб кквеларо, зулмучиясс ракь кквеларо.
Квачан цо рас бортизегIан, ххинлъун цIцIоко хIулизе бокьилилан абурабила царацца.
Квен гьабизе жо тIагIараб меххалълъ, жибги бичеян абулебила хьагиццаги!
Квен дудаго ццебесса кванай.
Квен цIеххон гьобол вачIунарев.
Квер багъаричIони, кIал багъаруларо.
Квер кIобокIунилан килищ бортуларо.
Квер ракул цIечIони, кIал нахул цIоларо.
Кверал хIалтIула, бетIералълъ малълъула.
Квералълъ бичизеги кIолареб, кIалалълъ бичизеги бегьулареб.

Кверазул маххщелалдасса лълъикIаб жо щибго гьечIеб.
Квеш хIалтIарассул — хIамицца, хIал барассул — гьакицца.
Квешаб нухдассан рещтIунилан хварав чи цониги вихьичIо, рекIун хварав гIемер вихьана.
Квещалде мутIигIассда хIакъаб жо бичIчIуларо.
Квешассдассан квешлъи, лълъикIассдассан лълъикIлъи.
Квешассдассан квешлъи, хьагидасса лахI.
Квешассе вагIза гьабе, гьуинлъи берцин гьабун.
Квешлъиялълъ лълъикIлъи гьабуларо, гважуцца кьегIер гьабуларо.

Квинарищан абураб жо — кванагеян абураб жо, гьекъеларищан абураб жо — гьекъогеян абураб жо.

Квине кIолареб бечелъиялдассаги цIунаги, россассда кьили лъурай лълъадиялдассаги цIунаги.

kwine jolareb bexe;iyaldaSagi `unagi, roSaSda pili ;uray :adiyaldaSagi `unagi.

КвинчIеб жоялълъул баркала букIунареб.

kwinzeb $oya:ul barkala bujunareb.

КвинчIониги, гьан кьарияб лълъикI, кьечIониги, мадугьал бечедав лълъикI.

kwinzonigi, han pariyab :ij, pezonigi, maduhal bexedaw :ij.

КенчIероялълъ цIа бакун, цIецца мун ххинлъиларо.

kenzeroya: `a bakun, `eCa mun {in;ilaro.

Кепкил къимат гьабуларесс гъурщилги гьабулареб.

ke_kil qimat habulareS vur&ilgi habulareb.

Кето рихаразда гIункIкIаз къвал балеб.

keto ri[ara#da funJa# qwal baleb.

Кето хIалакъассеги хIама кьарияссеги яс кьоге.

keto \alaqaSegi \ama pariyaSegi yas poge.

КечI берцинлъизе – бакъан, риба хIалаллъизе – хIила.

kez bercin;i#e - baqan, riba \alal;i#e - \ila.

Кибалиго аздагьо къинлъун рагIулила.

kibaligo a#daho qin;un rafulila.

Кибе аниги хIамие – хIалтIи, хIамибокьове аниги, нуцалчияссе – бертин.

kibe anigi \amiye - \alTi, \amibopowe anigi, nucalxiyaSe - bertin.

Кибе гъугъарабги – Гъуниб магIарде.

kibe vuvarabgi - vunib mafarde.

Кибе ун букIараб гьитIинаб? КIудияб балагьизейищ?

kibe un bujarab hiTinab? judiyab balahi#eyi&?

Кибе цер аниги – ххадуб рачIчI, киве ххан аниги – ххадуб нагIана.

kibe cer anigi - {adub raZ, kiwe {an anigi - {adub nafana.

Киве аниги ххадув, хабалIеги цадахъ.

КигIан битIарабгIаги, мунго дуццаго беццуге.
КигIан гIадалавниги, гIебеде нух бокьила, гIемерго гьагавниги, гьакил шагьра бокьила.
КигIан дунго битIаниги, каратI битIуларин, диран абулебила борхьицца.
КигIан лълъухьаниги къотIуларо тIухьиялълъ жо.
КигIан хьихьаниги, бацI рохьобе гурони балагьуларо.
Кидаго вехь гванзаб чол бетIергьан.
Кидадай дун херлъила, бахIараб меххалълъ гьарурал гьунарал рицине.

Кинабго балагьалълъул бетIер – гIакълу гьечIолъи, гIакълу гьечIолъиялълъулги бетIер – гIамал кIодолъи.
Кинабго оцода гуребила рекIелI ракьа букIунеб.
Кинавго чиясс пуни, гьури багъарулеб.
Кинидассанго байбихье, хвезегIан цIцIалде.
Кинисса гьабуниги — дие гъедо. (Кинисса гьабуниги, дие мекъсса ккола).
Кисса катие бахъухъ (КвинчIо катицца бахъухъ).
Кисса щварабали лъалареб боцIцIи, кибе арабали лъачIого тIагIуна.
Киссан гирарабги гьорчо кIкIалахъе.
Кодоб кватIани, болъонил цIцIоко цIеллъун бихьулебила.
Кодоб кквезе гIоркь гуреб, гIодоб лъезе тIино гуреб. (ХIасил кколареб рагIи, рагIалде бахъунареб хIалтIи).
Кодобе кьураб рукIкIен тIад гьабураб маргъалалдасса лълъикIаб.
Колол гьойда хIапизе лъалареб.
Корохъ гьабизе яс, гьабихъе ине нус.
Куркьби рижани, хIинчIчI бусада чIчIоларо.
Кутул гьечIеб гьороб гIункIкIал расандула.

Къад кьерхун, къасси роцIцIен — хур-ххералълъе балагь, херав чияссул бахIарай лълъади-рукъалълъе балагь.
Къададаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел.
Къадал кьучIчI хIамайила, хIуби кьекIкIелила.

Къадарав чияссул чIухIи, кьибил кIодолъиялдалъун букIунеб.
Къадарал жал гьаризе бегьулареблъи лъазе кколеб гIадин, къадараб цIцIар лъеларедухъ хьвадизеги лъазе ккола.
Къаденахъе мегIерги бегуге, бакъанида росоги тоге.
Къан хIамил рачIчI чIчIоларо, хIурул гьабун чед чIчIоларо.
Къандалъоялълъубе реххун, гIебу баххчиларо.
Къараласс гважи беццун бичараб.
Къарз ваццассе гьабуге, гьоркьоблъи хунгутIизе.
Къассд бихьун гIамалила, гIамал бихьун хIалтIийила.
Къассд кканщинаб жоги щоларо, тIалаб гьабунщинаб жоги батуларо.
Къасси бусада лъечIеб бетIер радал тIаде босизе батуларо, (Къасси вега, радал вахъа).
КъачIеб ххариниб ххер бижуларо.
КъваригIани ахIизе, ХIохьочида цIцIар лъала.
КъваригIел ккун ахIулеб меххалълъ ХIажимурадил Давуд, къваригIараб жо гьечIеб меххалълъ ХIинкIил Давуд.
КъваригIинчIеб жо босани, къваригIараб бичизе ккола.

КъватIиб гьури-муч кIудияв – рокъоб, оц тIурани, лIаралда базе жо батуларев.
КъватIул цIцIогьор кIулацца ккола, рукъалълъул цIцIогьор ссунццаго кколаро.
Къебед чIвалароан, къасси бетIер къаданиб жоялда лъун букIарабани.
Къед биххараб меххалълъ бахъинчIеб хIур нахъа бахъунаро.
Къинаб квер хIорго тани, хIажатаб жо щоларо.
Къинал кверал хIор гьарун, хIалихьалъи баччуге.
Къинал ккарал хIор гьарун, хIалихьалъи баччуге.
Къо радалго буго.
Къого бихьичIого чилъи бокьарасс, ярагъго гьечIого рагъде къассд гьабе.
Къойилго букIуна дун аниб (хIамил хIакъалълъулI).
Къокъид арав ххутIарав, ххалат арав вуссарав.
КъотIун гIодобе реххун бугониги, чол боххалда божуге.
КъочIчIоде гIебо гIадин ккана.
Къуларассе раччи, баччарассе магь.
Къулиладайилан могьода гьикъарай, къотIиладайилан сумада гьикъарай.
КъулчIчIизе кIолареб жо хIанчIуге.
Къурассул рекIел унти - бергьарав чIвалеб чIор.

Кьабураб зар гьанада унтула, абураб рагIи рекIеда унтула.
Кьарияб чу — лълъикIаб чу, хIалакъаб чу — квешаб чу.
Кьвагьизе  ккани, цIун букIине ккола.
Кьвагьи гьечIеб бакIалде гIарада баге,
Кьвагьун бахъунареб бакIалда гIуж баге.
Кьерхаде хъвараб ххер роцIцIаде бакIарула.
Кьерханкъо къалъуларо, къокъав чи херлъуларо.
Кьерхахъе зоб букIунаро, рещтIухъе бо букIунаро.
Кьижарав чи — хварав чи.
Кьижарассе инссул бутIа кьечIеб.
Кьили чIванилан гIурцIмадул айгъир бахъинаро.
Кьодукьа гурелила хIинкъулел, гIурукьайила.
Кьолаго босе, кьабулаго лъуте.

Кьолбодасса чIухIизе гIабдал те, мунго гьунаралдасса чIухIе
Кьолессда гьарула, гьабулессда малълъула.
Кьураб босун барще.
Кьураб квералда лъала, квараб чехьалда лъала.
Кьурассул квералда гурони, кварассул кIалалда лъаларо.
Кьурда хоно чIваге.
Кьурдун ссвакаравги кванде, гIодун ссвакаравги кванде.
Кьуру биххана, борохь нахъе тана.

КIал бугеб чода, чу бугев лъелго.

КIал цIунарав воххула, ххеххлъарав пашманлъула (КIал гIемерав воххичIо, вуцIцIарав пашманлъичIо).
КIалги хъатги Хъандулалълъе, хъатиниб жо Денгассе.
КIалдибе борта багIаргIеч. КIкIвахI буго сахлъиялълъул тушман, хIалтIи буго гьелълъул гьудул.
КIал цIуне, бер цIуне, чияр бицунев вукIунге.
КIалалълъ рии бицун, рекIелI ххасел ккоге.
КIалалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге.
КIалдисса цаби гъиналде пиштIе, гьаракь кIудияб бахъине.
КIалдиссан араб бадиб речIчIула.
КIалдиссан унеб калам пайда гьечIеб бицунге, гIияда гъорлI речIчIараб бацI гIадинан вукIунге.
КIалзул гьуриялда гьод букIунаро, гьагал рагIабазда дун божуларо.
КIалзул рагIи ругьнадасса ссудула.
КIалцIи бани, чу бекерула, чури тIуни гьой багъула.

 

КIалъалареб кIал букIунареб, бакъвалареб ракI букIунареб.

ja;alareb jal bujunareb, baqwalareb raj bujunareb.

КIалъалев чи – гьурщулев, гIенеккарав – бищулев.

ja;alew xi - hur&ulew, feneKaraw - bi&ulew.

КIанцIани бохх бекулеб борххалъуде вахунге.

jan`ani bo{ bekuleb bor{a;ude wa[unge.

КIанцIараб гьой лъаларев, къинлъараб гважи лъаларев.

jan`arab hoy ;alarew, qin;arab gwa$i ;alarew.

КIанцIулаго чахъдал цIцIулъи бихьараб цIцIе белъарабила.

jan`ulago xa]dal ~u;i bi%arab ~e be;arabila.

КIанцIун вахъунареб бакIалда гIужги багейила, батулареб рагIиги бицунгейила.

jan`un wa]unareb bajalda fu$gi bageyila, batulareb rafigi bicungeyila.

КIанцIун вахъунареб бакIалда хIуч хъваге.

КIартида асскIоб бухьани, бечеги кьазе ругьунлъулеб.

jartida aSjob bu%ani, bexegi pa#e ruhun;uleb.

КIарчамаб кьегIер кIиго чахъдада хахулеб.

jarxamab pefer jigo xa]dada [a[uleb.

КIарчанлъигун кIкIухIаллъиялълъ кIиго лъимер гьабунила, мискинлъи ян, хIакъирлъи ян цIцIарал гьездаги лъунила.

jarxan;igun Ju\al;iya: jigo ;imer habunila, miskin;i yan, \aqir;i yan ~aral he#dagi ;unila.

КIиго балагь тIаде ккани, бигьаяб тIасса бище.
КIиго бетIерги рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ ццебе тIола.
КIиго бетIергьанчи разияб гуреб даран битIун кколаро.
КIиго гIанкIкIида ххадув векерани, цонигияб щоларо.
КIиго чи данде гъуни, гъветI чIчIезе кколеб.
КIиго чIчIужу йигев чияссул рукъ лълъухьичIого ххутIулеб.
КIиго чIчIужу ячине бацI биччан те.
КIиго ххарил квацIиялълъул кинаб тIасса бищилебали лъачIого, хIама бакъуда хварабила.
КIилълъилалълъул гьин гуро, гьетIарассул си гуро.
КIиябго бералда чияр лъимал рихьараб меххалълъ, цояб бералданиги нилIерго лъималги рихьизе ккола.
КIудияб оцоцца рахъ кIудияб цIцIала.
КIудияб унти макъицца унеб, гьитIинаб унти кваницца унеб.
КIудияв чи хвани рукъ бухIула, гьитIинав чи хвани, керен бухIула.
КIудиял ургъалабаз гьитIинал ургьалаби кьеркьезарула.

​​

КIицIцIул кIанцIун, кIкIал бахунареб.

ji~ul jan`un, Jal ba[unareb.

КIицIцIул ургъе, цин абе (анкьцIцIул борце, цин къотIе).

ji~ul urve, cin abe (anp~ul borce, cin qoTe).

КIицIцIул чи холарев, рухI цин гурони бахъулареб.

ji~ul xi [olarew, ru\ cin guroni ba]ulareb.

КIиябго бер беццасс цояб бер беццассда «Беццук! Беццук!» – илан абурабила.

jiyabgo ber beCaS coyab beCaSda «beCuk! beCuk!» - ilan aburabila.

КIиябго бералда чияр лъимал рихьараб меххалълъ, цояб бералданиги нилIерго лъималги рихьизе кколел.

jiyabgo beralda xiyar ;imal ri%arab me{a:, coyab beraldanigi ni/ergo ;imalgi ri%i#e Kolel.

КIиябго бералълъул данде ккечIогойила гьоркьоб мегIер бижараб.

jiyabgo bera:ul dande Kezogoyila horpob mefer bi$arab.

КIиябго квер кодобе кьурассда божуге.

jiyabgo kwer kodobe puraSda bo$uge.

КIияздаго гIайиб гьечIого, кIиго чи къаццандуларо.

jiya#dago fayib hezogo, jigo xi qaCandularo.

КIодолъиялде вахине бокьарасс гьитIинавги кIодо гьавула.

jodo;iyalde wa[ine boparaS hiTinawgi jodo hawula.

КIудияб бакI кквезе ккани, кIудияб гIакълуги къваригIунеб.

judiyab baj Kwe#e Kani, judiyab faqlugi qwarifuneb.

КIудияб вагIзаялдасса гьитIинаб мисалалълъул пайда цIцIикIкIараб.

judiyab waf#ayaldaSa hiTinab misala:ul _ayda ~iJarab.

КIкIалахъ лълъим камулареб, рохьоб чан камулареб.

Jala] :im kamulareb, ro%ob xan kamulareb.

КIкIара боржани, гьоко къирула.

КIкIараялдаги букIунебила жиндаго рекъараб рухI.

Jarayaldagi bujunebila $indago reqarab ru\.

КIкIараялдеги ххвалчен бахъарав.

Jarayaldegi {walxen ba]araw.

КIкIвахI месед гуро, хIалхьи гIарац гуро.

Jwa\ mesed guro, \al%i farac guro.

КIкIвахI – сахлъиялълъул тушман, хIалтIи – сахлъиялълъул гьудул.

Jwa\ - sa[;iya:ul tu^man, \alTi - sa[;iya:ul hudul.

КIкIвахIал вегун хIалтIулевила, кIусун кьижулевила.

Jwa\al wegun \alTulewila, jusun pi$ulewila.

КIкIвахIал – кидаго унтарав.

Jwa\al - kidago untaraw.

КIкIвахIалаб хIамицца ХIоццомегIер бегуларо.

Jwa\alab \amiCa \oComefer begularo.

КIкIвахIалассе чияр хIалтIи бокьулебила.

Jwa\alaSe xiyar \alTi bopulebila.

КIкIвахIалда гъулач бугев, хIалтIуда цедер бугев.

Jwa\alda vulax bugew, \alTuda ceder bugew.

КIкIвахIалълъ вас гьавуларев.

Jwa\a: was hawularew.

КIкIвахIалълъ лълъим гьекъолеб батани, хIалтIиялълъ гьоцIцIо гьекъолеб.

Jwa\a: :im heqoleb batani, \alTiya: ho~o heqoleb.

КIкIуй гьечIеб цIа букIунареб.

Juy hezeb `a bujunareb.

КIкIухIал гIодов вукIун кьижула, вегун кванала.
КIкIухIал гIодов чIчIунги ссвакала.

КIкIуялдасса цIунизейилан цIадаве лIугьунге.

JuyaldaSa `uni#eyilan `adawe /uhunge.

Кколареб къо босун хвараб хIама.
Кколаребила чIчIегIераб цер, кквезе ккани, ункъабго цадахъ кколебила.

Лабалда хурги бекьуге, бугьаоцги хьихьуге.
Лабаллъуда хур гьабуге, лъарал рагIалда рукъ гьабуге.
Лагъ гIадин хIалтIе, ххан гIадин кванай.

 

Лал тIамизе бегьулареб къоялълъ къед гьабизеги бегьулареб.

lal Tami#e behulareb qoya: qed habi#egi behulareb.

Ламадур кьуни, дадила, кьечIони, тиш ХIасан.

Лачен боржаралълъуб гъеду рещтIуна.

Лачен – чанабе, гъеду – рохьобе.

laxen - xanabe, vedu - ro%obe.

Лаченги тарулеб, тайлан хъущтIулеб, тувадахъ гурони гIодоб кколареб.

laxengi taruleb, taylan ]u&Tuleb, tuwada] guroni fodob Kolareb.

Лаченги чучула чи гIемерлъани, чаранги биуна цIа гьалаглъани.

laxengi xuxula xi femer;ani, xarangi biuna `a halag;ani.

Ле гIакълугьечI, тIуруге, гIи тун гIангис кинигин, гIадамал тун хьвадани, хьитал хун, басралъулин.

le faqluhez, Turuge, fi tun fangis kinigin, fadamal tun %wadani, %ital [un, basra;ulin.

Ле ян абурассда я, — ян абизе кIоларев чи къватIиве вахъунге.

Лочнол бетIералда чаргъеду чIчIезабуге.

Лъабго къоялъищ хьихьилел? Лъабго моцIцIалълъищ?—ан гьикъулебила царацца тIанчIазда.
Лъабкъого сон барав чи — лъилъизе мехх щвараб гьохъил хур.

 

ЛъабцIцIул къинлъичIого, гIака лъалареб.

;ab~ul qin;izogo, faka ;alareb.

ЛъабцIцIул рагIа-ракьан бухъичIого, хур бачIунареб.

;ab~ul rafa-rapan bu]izogo, [ur bazunareb.

Лъавукълъи букIуна гIакълулъун хIалеб, жагьиллъи бахъуна жибги гIелму ян.

;awuq;i bujuna faqlu;un \aleb, $ahil;i ba]una $ibgi felmu yan.


Лъай гьечIевгун ургъани, ургъалабалълъе ккола.
Лъалареб бакIалда адабги гьабуге, гIорцIцIулареб бакIалда вакъиги лъазабуге.
Лъаларилан аби — кIалзуе бигьалъи, кIоларилан аби — чорххое бигьалъи.
Лъалесс малълъараб гьабичIев мурадалде щоларо.
Лъалесс чу босе, лъаларесс куса босе.
Лъаракьа гурелила хIинкъулел, гIурукьайила.
ЛъаратIе гIор кIанцIана.
Лъебелазул кун, куралазул рукъи (кIиябго бецарулеб буго).
Лъезе лъаларесс тIагъур бахъуге.
Лъимал гьаричIессда рокьи лъалареб, лъимал хвечIессда рухIел лъалареб.
Лъималазул унти эбел-инссул гьумер ничараб жо.
Лъун бихьараб кьили лълъикIаб, къвагьун бихьараб ярагъ лълъикIаб.

Лълъадал берищ, рокьол гIусищ?

:adal beri&, ropol fusi&?

Лълъадал къатIраялълъги гамачI борлIулеб, цIадул хIенехIалълъги дунял бухIулеб.

:adal qaTraya:gi gamaz bor/uleb, `adul \ene\a:gi dunyal bu\uleb.

Лълъадаццаги жиндиего нух бахъула.

:adaCagi $indiye nu[ ba]ula.

Лълъади гьечIев россги, росс гьечIей чIчIужуги – чIобогояб рукъ.

:adi hezew roSgi, roS hezey Zu$ugi - zobogoyab ruq.

Лълъади квешассул гIумру гIазабалда гирула.

:adi kwe^aSul fumru fa#abalda girula.

Лълъади лълъикIав лълъикI вуго, лълъади квешав квеш вуго.

:adi :ijaw :ij wugo, :adi kwe^aw kwe^ wugo.


Лълъади ячине анцIгоявгун ургъе, йиччазе нусгоявгун ургъе.
Лълъадулгун кколеб къеццалдасса тIагIан гьечIеб дандежо букIунареб.
Лълъеда бараб полоп гIадаб жойила росс-лълъадиялда гьоркьоб кколеб кьал.
Лълъеде мугъ чIваге, гьерссиде ракI гьоге.
Лълъеда гьабун накъищ чIчIоларо.
Лълъецца гьобо, цIецца кор.

ЛълъикI букIаго, «патихIа!»

ЛълъикI вугилан чIухIуге, квеш вукIараб меххги ракIалде щва.
ЛълъикI хьвадарав квеш холаро, квеш хьвадарав лълъикI холаро.
ЛълъикIаб батани, канае, квешаб батани, цIадуе.

ЛълъикIаб бугъицца къуралде лIар хьвагIулареб, лълъикIав чиясс чияе чIухIи гьабулареб.
ЛълъикIаб дару кьогIаб букIунеб.
ЛълъикIаб гьудуллъи ххазинаялдасса лълъикIаб.
ЛълъикIаб жоялълъе къей гьечIеб, къадаралълъе бергьенлъи гьечIеб.
ЛълъикIабги бихьаги, квешабги бихьаги.
ЛълъикIаб рагIуда мал баге.
ЛълъикIаб хIама бакIаб букIуна.
ЛълъикIав бахIарчияссул вас къадараванги тоге, къадарав чияссул вас бахIарчиянги тоге.

ЛълъикIав чияссе — цо рагIи, лълъикIаб чое — цо цIцIал
ЛълъикIалда мал бани, квешалда къвал базе ккола.
ЛълъикIассул лълъикIлъиги квешассул квешлъиги кидаго кIочонареб.
ЛълъикIлъи бихьарассул кар, квешлъи бихьарассул малълъ.
ЛълъикIлъиялда ццебе — квешлъи, квешлъиялда ццебе — лълъикIлъи.
Лълъим бахунеб меххалълъ гурони чахъдада бацI кIочонареб.
Лълъим гьечIеб магIарда чу кIутIулареб, къачIеб магIардасса ххер бедулареб.
Лълъим дагьлъигун, гьабил гIузраби тIатуна, ххерлъигун чорххол гIузраби тIатуна.
Лълъим рахънибе ккола, чи нухде ккола.

ЛIурдул гъезе араб гъвала, гIундул къотIун бачIарабила.
ЛIутIарав щив, букъарав хвад? (маххщаликъав устар гIад гьавун).

Магжида нус бабадулеб рекIинчIеб меххалълъ, кIалдиб мацIцI кIичIардулеб гьересси бицунеб меххалълъ.

mag$ida nus babaduleb rejinzeb me{a:, jaldib ma~ jizarduleb hereSi bicuneb me{a:.

МагжилI иман букIунареб, рекIелI гурони.

mag$i/ iman bujunareb, reje/ guroni.

Магъал гьанахъ гьоэр щолареб (нилIее къваригIараб къоялълъ лълъикIалълъухъги квешаб щолареб).

maval hana] hoer &olareb (ni/eye qwarifarab qoya: :ija:u]gi kwe^ab &olareb).

Магъил ургъел гьабулагойила хIанчIчIил боххдул тIеренлъарал.

mavil urvel habulagoyila \anZil bo{dul Teren;aral.

МагъилI ругел хурзабазги хабалI ругел умумузул рукьбузги гьабизе жо гьечIо – хIара хIажат буго.

mavi/ rugel [ur#aba#gi [aba/ rugel umumu#ul rupbu#gi habi#e $o hezo - \ara \a$at bugo.

Магъихъ балагьун, кьурде, цер.

mavi] balahun, purde, cer.

Магьихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье.

mahi] ralahuge, haki] ralahe.

Магь цIезе ссан гурел, ссахI цIезе хур гурел.

mah `e#e San gurel, Sa\ `e#e [ur gurel.

МагIарда бартиццаги лълъикIабаб кколебила.

mafarda bartiCagi :ijabab Kolebila.

МагIарда гIи бугев – гIаг гьечIеб шарбал,

ГIиялI куйдул ругев – тIох гьечIеб тIагъур.

mafarda fi bugew - fag hezeb ^arbal,

fiya/ kuydul rugew - To[ hezeb Tavur.

МагIарда чан букIаго, чурун хьаг цIеда лъоге.

mafarda xan bujago, xurun %ag `eda ;oge.

МагIардаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел.

mafardagi fundul rugel, fal{udagi beral rugel.

МагIарде ваханиги гьитIинав кIодолъуларевила, гвандиниве рехханиги кIудияв гьитIинлъуларевила.

mafarde wa[anigi hiTinaw jodo;ularewila, gwandiniwe re{anigi judiyaw hiTin;ularewila.

МагIарде гъуниги, хIамицца заз гурони кунареб.

mafarde vunigi, \amiCa #a# guroni kunareb.

МагIарде гIазу баги гIухьби рокъой рачIине, гIурдаде саву ккаги вокьулессда бер чIвазе.

mafarde fa#u bagi fu%bi roqoy razine, furdade sawu Kagi wopuleSda ber zwa#e.

МагIарде гIазу бани, гIурухъе цIцIорой кколеб.

mafarde fa#u bani, furu]e ~oroy :oleb.

МагIарзухъа кIалдибегIан къокъаб жойила гьересси.

mafar#u]a jaldibefan qoqab $oyila hereSi.

«МагIарзухъан бачIаги!» – ян, чед кьун воххизавуге дун, гьумер битIун кIалъараб кIалалълъ воххизаве дун.

«mafar#u]an bazagi!» - yan, xed pun wo{i#awuge dun, humer biTun ja;arab jala: wo{i#awe dun.

МагIу-рорчIи хханассул гIадаб, хвел-букъи гергил гIадаб.​​

МархIабаян кьабуниги, къотIула, ма, хIамаян кьабуниги къотIула.
Ма дуе, ма дие (даран лълъикIаб, маян дуццаги кьураб, маян диццаги кьураб).
Ма, ссахIан гIака бачIунеб, кье ссахIан чу бачIунеб.
Мавул — кьей, кьовул — божи (маян кьураб жоялде божи цIцIикIкIараб).
Магъал гьанахъ гьоэр щоларо (нилIее къваригIараб къоялълъ лълъикIалълъулI квешаб щолареб).
Магьахъ балагьун кьурде.
Магъил ургъел гьабулагойила хIанчIчIил боххдул тIеренлъарал.
Магьихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье.
МагIарда чан букIаго, чурун хьаг цIеда лъоге.
МагIарде гъуниги, хIамида заз гурони букъулареб.
МагIарде гIазу бани, гIурдаде саву ккола.
МагIарзухъан кIалдибегIан къокъаб жойила гьересси.
МагIарухъ хур хвани, хьиндалазул пихъги хола.
МагIу рекъезе — рагIи, риба хIалаллъизе — хIила. (МагIу рекъезе — далай).
Мадугьалассул хIелеко хъазлъун бихьулебила.
Макьие ссабру гьечIеб, рокьуе берцинлъи гьечIеб.
Макьу толеб жо — ургъел, гIадан холеб жо — ххиял.
Макьу щварал кьижула, рокьи ккарал ссвердула.
Мала-Нассрудинил далай лIугIаниги, чIанда ххабаралълъе лIугIел букIунаро.
Маялълъа ццебеялда ххадуб.
Малълъараб гьабе, гьикъараб биде.
Малълъараб гьабуни, дагIба кколаро.
Малълъараб гьабичIев ХIавал Палицца.
Малълъарассул кIал бекуларо, кIанцIарассул бохх гурони.
Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босаги.
МалълъичIеб гьабуге, гьикъичIеб бицунге.
МалълъичIого хIалтIи гьабуге, ахIичIого кваназе унге.
МаслихIаталълъ рекъезарула, мацIцIицца ратIа гьарула.
Маххссара гьабе бакI бихьун.
Маххссара гьабе, маххссара лъалев чияссе.
Маххссара лълъикIаб кIиго чи велъараб.
Маххул нуцIцIа цIулал нуцIцIаялде ккараб.
Маххщалица квен гьабуларо, жинццаго кьола.
MацIцI квеш — сег, сум квеш — огоб.
МахIалда хIал букIаго, хIетI босе.
МацIцI гIадамассул кунге, хIайваналълъул кун.
МацIцIалда ракьа гьечIо, гьелълъни ракьа бекула.
МацIцIалде гьоцIцIо тIун, гьордилI жо баге.
МацIцIалда кIолаго, кIудиялде ваккуге.
МацIцIид чи чIвала, цIцIогьод оц хъола.
Маялда мал бани, кьеялда кьили чIвазе кколеб.
Маян кьураб босичIони, кьеян гьаризе кколеб.
МегIер бичилалде ххер биче, ххер бичилалде хьацI биче

  • (цин къадараб биче, хадуб гурони лълъикIаб бичугеян абураб жо).

МегIер кIкIванищ, гIор кIкIванищ?

  • (яшав гьабизе, гIадамазулгун хIал рекъезабизе гьедигIан бакIаб, захIматаб жоян абураб магIна).

МегIер мегIералде кколареб, гIадан гIадамассде кколев.
МегIер мегIералде щун бугилан абуни, божа, гIадамасс ругьунаб гIамал тун бугилан абуни божуге.
МегIер радал беге, гIор къаденахъе бахе.
МегIергун барщун гIанкIкI тIубаларо.
Месед балагьизе арав бухъулаго хваравила.
Месед хъванилан хъирмил багьа холаро.
Меседил кверазул багьа гьечIеб, гьел ричун росизе щоларел.
Метер гьабулеб жоялде жакъа ургъе.
Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, регIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге.
Метер кунеб моххмоххалдасса жакъа кунеб гьоэр лълъикIаб.
Метер къоялълъул хIисаб гьабичIев нахъа пашманлъула.
Метер семиялдасса жакъа рагъи лълъикIаб.
Метерисса бохха, цер.
Минуталълъ нахъа ххутIарав сагIаталълъ ххадув гъоларев.
Мискинлъиялълъе дару хIалтIийла, хIинкъиялълъе дару таваккалила.
МичIчI бекьаралълъуб — мичIчI, жух бекьаралълъуб—жух.
МичIчIил кьолбода кьагIрил тIегь баларо.
Могьой гьали, гьанай кватIи.
Мокъиде хъазги бахинабун, хIелкида къинлъеян абуге.
Мокъокъида чIор речIчIани, чIоролида зунула.

Мокърукь бетIер тункичIого, гIадамассда гIакълу щоларо.
Моххмоххида нах бахунге.
Моххмоххиде хьул лъун, хьолбодасса ватIалъуге.
Моххмоххил маргьа бице, дада, моххмохх кварал гIадин рукIине.
МоцIцI нилIехъан бугони, цIцIвабзазул ургъел кколаро.
МочIолъан рагIи бугин, рагIал чIван вилълъа.

Мугъ биччичIого, хур биччуларо.
Мугъ чIвазе къед бугони, зарул тирххи букIуна.
Мугъалълъ баччиялдасса чехьалълъ баччи лълъикIаб (квен).
Мугъзада чед букIаго, чехь бакъизе биччаге.
МугIрул гIин цIцIодораб, гIалххул бер цIцIодораб.
МугIрул каву гIатIидаб.
МугIрул рукъги рукъалълъул хIубиги гьабуге (Буртинаги чIчIужуги).
Мун гъалбацI ватани, гIадамал гIанкIкIал гуро.
Мун квазавурав чи — мун вокьулев чи, мун гьекъезавурав — мун рихарав чи.
Мун кида биххилебан гьикъанила къадада. ХIарщуда гьикъеян жаваб кьунила кьадацца.
Мун кида холебан гьикъараб меххалълъ, нахуда гьикъеян абунила къородиссессул лакаялълъ.

Мун кьижун вукIунев, дур тушман кьижуларев.

mun pi$un wujunew, dur tu^man pi$ularew.

Мун лълъикIабилан абуни, хIамикIертги боххулебила.

Мун цIцIализе иналде, дун цIцIалун вуссун вукIана.

Мунагьго гьечIей яс ялагьулаго, чIчIужуго щвечIого, ххутIаравила.

munahgo hezey yas yalahulago, Zu$ugo &wezogo, {uTarawila.

Мунги – ххан, дунги – ххан, хIама лълъицца гьекъелеб, хуриве щив инев?

mungi {an, dungi {an, \ama :iCa heqeleb, [uriwe &iw inew?

Мунилан холев дун, дун хабалалIе восагиян мун.

munilan [olew dun, dun [aba/e wosagiyan mun.

Мунго дудаго лъачIого чияде рагIи абуге.

mungo dudago ;azogo xiyade rafi abuge.

Мунго дуццаго веццичIого гIумру гьабизе лъай.

 

Мунго дуццагоги веццуге, гьечIеб гьунаралдассаги чIухIуге.

mungo duCagogi weCuge, hezeb hunaraldaSagi zu\uge.

Мунго гьалаг гьавулеб гьаваялда рекIунге.

mungo halag hawuleb hawayalda rejunge.

Мунго цIакъавилан ккун, чи хIакъир гьавуге.
Мунилан холев дун, хабалIе дун восагиян мун.
Мун лълъил гьакида рекIаниги, кечI гъоссул бакъаналда ахIе.
Мунищ наиб? Дунищ наиб?
МутагIиллъун вугев васассда битIараб гьумер бихьуге.
Мухь гуреб жо кьун, вехь гурев чи тоге (вехь те, мухь кьун те).
МухIама хIалтIун, ХIажицца кIутIун.

Нагагь лъаларилан лъабго хьит гьабурабила.
Наги тIутIги цадахъ хIалтIуларо.
Наги тIутIги цо тIалинир хIалтIиларо.

 

Наиб аралълъуссан нукарги ине кколевила.

naib ara:uSan nukargi ine Kolewila.

Най тIогьотIе уна, тIутI къетIа чIчIола.

nay TohoTe una, TuT qeTa Zola.

Найги тIутIги цо тIалинир хIалтIуларо.

naygi TuTgi co Talinir \alTularo.

Найицца тIегь кванала, тIотIоцца гъвесс кванала.

nayiCa Teh kwanala, ToToCa vweS kwanala.

Наккдалълъ баххчун, варани тIубаларо.

naKda: ba{xun, warani Tubalaro.

Наккдалълъ каржин къинлъарабила, ххарилI борохь къинлъарабила.

naKda: kar$in qin;arabila, {ari/ boro% qin;arabila.

Накку гьечIеб гьороре къадакаби унаро, гIатI-тIехх гьечIеб къвачIиде гIункIкIаз къассд гьабуларо.

naKu hezeb horore qadakabi unaro, faT-Te{ hezeb qwazide funJa# qaSd habularo.

​​

Налъи бецIиялълъ берцин гьабула, гIадан битIараб бициналълъ берцин гьавула.

Насибалдасса ратIалъиларо, гIажалалдасса ххвассарлъиларо.
Нах гIемерлъун карщ холаро.
Нах тIад ккола, тIухьи гъоркь ккола.

Нахда чIчIечIеб гъуд родода чIчIолеб.
Нахъ буссун дудаго речIчIулеб чIор реххуге.
Нахъа бугеб куйдасса кодоб бугеб гIечго лълъикI.
Нахъа гъезегIан тунила къоркъода рачIчI гъечIого ххутIараб.
Нахъассан чухъа ккурассул чухъил квенчIчIел дуццаги ккве.
Нахъе валагьун гьури биччай, ццеве валагьун гьорчо биччай.
Нахъе валагьун кIалъай, ццеве валагьун вилълъа.
Нахъе лъураб жо лъималазегIаги батулеб.
Нахъе тараб квен катицца уна.
Нахъе тараб порччое гьобол лълъикIав вачIуна.
Нахъеги бицани, рузманалълъе гIела (цого жо такрар гьабиялде).
НацIцIие квешезе цIцIаха бухIуге.
Наял рагъила — гьоцIцIо тIагIина.
НекIссияб сон гуро, сонссияб къо гуро.
НекIссияб сонги букIунареб, сонссияб къоги букIунареб.

НилI кьижаниги, мегъ кьижулареб.
НилIго нилIехъангойилан абун буго гIатIаххинкIаз.

НилIедасса бечедаб бакIалдассан ригьин гьабизегIан, гьорода бадире рилълъин лълъикIаб.

НилIер къвачIид кколареб чияр цIцIалкIид кколаро.

НилIер чияда, чияр нилIеда.
НилIерго хьитинибе ккечIеб цIцIаялълъ хIецIе бухIуларо.
НилIер цабзаз кквечIеб чияр кIутIбуз кколаро.

НилIер чехь унтун букIин чияда лъалареб.
НилIер чехьги чияр тIеххги бугилан чохьол чIоло чучуге.

НилIерал чияда лъалел, чиярал нилIеда лъалел.

ni/eral xiyada ;alel, xiyaral ni/eda ;alel.

НилIералго чинква гьарун, чиярал цIулакьо гьарун, хьвадугейила.

ni/eralgo xinkwa harun, xiyaral `ulapo harun, %wadugeyila.

НилIерабго чинква (чинкир), чияраб курак.

НилIерго бакI – алжан, чияр бакI – жужахI.

ni/ergo baj - al$an, xiyar baj - $u$a\.

НилIерго васассул вас лIугьинчIони, нусалълъулги яс лIугьунарей.

ni/ergo wasaSul was /uhinzoni, nusa:ulgi yas /uhunarey.

НилIерго вугониги, чияр анищан ккаравги вукIуневила чи.

ni/ergo wugonigi, xiyar ani&an Karawgi wujunewila xi.

НилIерго гъоссодассанила нилIго хъущтIулел.

ni/ergo voSodaSanila ni/go ]u&Tulel.

НилIерго квенги кванан, нилIерго ретIелги ретIун, чияр ургъалида рукIунгейила.

ni/ergo kwengi kwanan, ni/ergo reTelgi reTun, xiyar urvalida rujungeyila.

НилIерго лаченалълъул чияр бакIалдасса бачIараб гьадилгIан къимат гьабуларебила.

ni/ergo laxena:ul xiyar bajaldaSa bazarab hadilfan qimat habularebila.

НилIерго лъарацца чияр гIурул хъуй рагIизе толаребила.

ni/ergo ;araCa xiyar furul ]uy rafi#e tolarebila.

(НилIерго лъарал гьаракь бугони, чияр гIурул гьаракь рагIулареб).

(ni/ergo ;aral harap bugoni, xiyar furul harap rafulareb).

НилIерго лъарал гьаракь бугони, чияр гIоралълъул хъуй рагIуларо.
НилIерго хIал нилIедаго лъала.

НилIерго лъималги ццере тун, чияразда малълъаруларел.

ni/ergo ;imalgi Cere tun, xiyara#da ma:arularel.

НилIерго малъаз гIадин нилIер мугъ хъассулареб.

ni/ergo ma;a# fadin ni/er muv ]aSulareb.

НилIерго рукъ гIадаб бакI гьечIеб, хъизамалде гIадаб рекIелгъей букIунареб.

ni/ergo ruq fadab baj hezeb, ]i#amalde fadab rejelvey bujunareb.

НилIерго реццалълъ гIадин, чияр реццалълъ нилIее зарал гьабуларебила.

ni/ergo reCa: fadin, xiyar reCa: ni/eye #aral habularebila.

НилIерго хъорщода чиниги тун, чияр горда бугеб щагIида баххиллъуге.

ni/ergo ]or&oda xinigi tun, xiyar gorda bugeb &afida ba{il;uge.

НилIерго хьитинибе ккечIеб цIаялълъ хIетIе бухIуларо.

ni/ergo %itinibe Kezeb `aya: \eTe bu\ularo.

НилIерго хIал нилIеда лъала, чияр хIал чияда лъала.

ni/ergo \al ni/eda ;ala, xiyar \al xiyada ;ala.

НилIецца квараб чияр, чияцца квараб нилIер.
НилIеццаго абураб бокьулеб, чияцца абураб бокьулареб.

  • (Нису тIамун тIехх кванан рукIин лълъикI, тIад вугев чияссе наку чIвазеIан)

НилIеццаго гьабичIеб нилIее батуларо.
НилIецца цIцIали лъабго къоялълъ тани, цIцIалиялълъ нилI лъабго моцIцIалълъ тола.
Нич гьечIелълъуб яхI гьечIеб.
Носоцца гуреб къотIулеб, квералълъин.
Нохъо тун, нохъо бацIцIалъиларо, нохъо чороклъулеб гIамал течIони.
НугI гьечIеб жо — гьересси.
Нусалда бичIчIизе ясалда абулеб.
Нусго томеналълъул багьаябги букIуна гьересси.
Нух бекьуге, хур бекье.
Нух гьечIеб кьуру букIунареб, кьо гьечIеб гIор, букIунареб.
Нух къваридав чи — хьитал къарав чи.
Нух лълъикIабани, нухда ххер бижилаан.
Нух цо гьабе, роцен кIиго гьабе.
Нухда иналде гьалмагъ валагье.
Нухда унаго, радал ххеххго вахъа, бакъанида ххеххго рещтIа.
Нухда лълъим, лълъеда гьобо.
Нухлул ххалалъиялде валагьуге, чIчIолеб бакIалде валагье.
Нухъа бахъаралълъуб хъвек рещтIуна.
НуцIцIа гъезегIан гъелдареч, хур бачIинегIан пурчIина.
НуцIцIил кIалтӀаго — хIеж, хIобокьго — алжан (лълъадилъун ячинессей яс мадугьалихъго ятараб меххалълъ

Нухда букIараб гьой чуруде ккани, чури хIехьолебила, чуруда букIараб нахде ккани, нах хIехьоларебила.

Огьогьоялъ гьорчо кколаро.
Ордекалълъул тIанчIида ханинибго лълъин лъалеб.
Оххолисса бекьичIеб ххаслихъе босулареб.
Оххолисса карш лълъама, ххаслихъе ххинкIал чIчIахIа.

Оц бегьиниб жо басиялдаго лъала.
Оц бихьун рихьи бай, басиялда гIурдул рай.

 

Оц гIураб меххалълъ, гIинтIизеги ккогеги, гIолохъанчи гIураб меххалълъ, гIакълу малълъизеги ккогеги.

oc furab me{a:, finTi#egi Kogegi, folo]anxi furab me{a:, faqlu ma:i#egi Kogegi.

Оц кьун, барщизарула, хIелеко кьун, рекъезаруларо (Шагьи кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре).

oc pun, bar&i#arula, \eleko pun, reqe#arulago (^ahi pun, bar&i#aruge, oc pun, reqe#are).

Оц кьурул рагIалде къайгун, хIамида ургъел чIвалеб.

oc purul rafa;de qaygun, \amida urvel zwaleb.

Оц кIанцIизе кватIани, гIака кIанцIулеб.

oc jan`i#e kwaTani, faka jan`uleb.

Оц лIугьунеб жо бачидаго лъалебила.

oc /uhuneb $o baxidago ;alebila.

Оц лIугьунеб жоялълъул лIар бегIераб букIуна.

oc /uhuneb $oya:ul /ar beferab bujuna.

Оц мацIцI лъалесс бикьун батаги.

oc ma~ ;aleS bipun batagi.

Оц рукьалда квегъула, чи заманалълъ квегъула.

Оц тIураниги, Марямил гIайиб, релълъ беканиги Марямил гIайиб.

(Оц тIураниги – Марям, релълъ беканиги – Марям).

oc Turanigi, maryamil fayib, re: bekanigi maryamil fayib.

(oc Turanigi - maryam, re: bekanigi - maryam).

Оц хвани – гьан, гьоко хвани – цIул.

oc [wani - han, hoko [wani - `ul.

Оц хваниги, хур ххутIулеб, хур хваниги, ракь ххутIулеб.

oc [wanigi, [ur {uTuleb, [ur [wanigi, rap {uTuleb.

Оцаз гьабураб чоцца, рииялълъ гьабураб ххаселалълъ кваналебила.

oca# haburab xoCa, riiya: haburab {asela: kwanalebila.

Оцал гьечIессул рекьи хIалакъаб.

Оцал магIарда, МухIама рагIдукь.
Оцал тIуричIони тIор баларо, тIаде ракь хъвачIони, хур бачIунаро.
Оцода бече гьабеянги абуге, гIака гьакидаги баге.
Оцода бичIчIизе, булагъада кьабулеб.
Оцол лIаран хIамил гIин ккоге.

Оцол тIомол бицинчIого, тIомохьитазул бицунге.

Оцал тIуричIони, тIегь балареб, тIаде ракь хъвачIони, хур бачIунареб.

ocal Turizonigi, Teh balareb, Tade rap ]wazoni, [ur bazunareb.

Оцол хъири бахъинчIони, магIил хъуй бахъунаро.
Оцол хъири гуреб, хъурмил гьаракь гуреб.
Оцолаб босе, басидулаб те.

Пакъирассе - къварилъи, гIабдалассе - роххел.

 

Пакъирзаби, мискинал бечедал чагIи!

_aqir#abi, miskinal bexedal xafi!

Палугьан гурони квариде вахунаро.

_aluhan guroni kwaride wa[unaro.

Панкъ гьабизе лълъим щвечIей,

ЛълъелIе базе цIцIан щвечIей.

_anq habi#e :im &wezey,

:e/e ba#e ~an &wezey.

Панкъил къулгьу, къолол бертин.

_anqil qulhu, qolol bertin.

ПасихIал рагIабацца богIол цагъур цIеларо.

_asi\al rafabaCa bofol cavur `elaro.

Пахьул бетIералда жанир меседил пикраби рукIунарел.

_a%ul beTeralda $anir mesedil _ikrabi rujunarel.

Пашманассул магIу гIемераб, рокьи ккарассул ххабар гIемераб.

_a^manaSul mafu femerab, ropi KaraSul {abar femerab.

Пашманлъи гьоркьоб гьечIеб роххелги букIунаребила, роххел лъалареб пашманлъиги бачIунаребила.

_a^man;i horpob hezeb ro{elgi bujunarebila, ro{el ;alareb _a^man;igi bazunarebila.

Пер кунаресс хъал кунеб.

_er kunareS ]al kuneb.

Пикраби – магIарда, къварилъи – мугъзада нахъа.

_ikrabi - mafarda, qwari;i - muv#ada na]a.

Пикру гIемерлъани, чи гIадаллъулев.

_ikru femer;ani, xi fadal;ulew.

Пикру гIемерлъани, чи гIадаллъула.
Пикруялда кIалъани, рагIулI мекъи кколаро.

Пикру ццебе, ццим ххадуб.

_ikru Cebe, Cim {adub.

ПиргIавние Муса камуларев.

_irfawniye musa kamularew.

Пири пирхханщинахъе зоб гъугъалареб.

_iri _ir{an&ina]e #ob vuvalareb.

Пириялълъеги гъветI кIудияб бокьулеб.

_iriya:egi vweT judiyab bopuleb.

Питна бокьарасс багьана, ракь хъвалхьун, балагьулеб.

_itna boparaS bahana, rap ]wal%un, balahuleb.

Питнабазул мугьал хьани, балагьазул гьирал раччулел.

_itnaba#ul muhal %ani, balaha#ul hiral raXulel.

Питнадул мугьал хьани, балагьалълъул тIор бала.

_itnadul muhal %ani, balaha:ul Tor bala.

Пихъ бижулареб гъветI гьурщулареб.

_i] bi$ulareb vweT hur&ulareb.

Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIулареб, лълъим гьечIеб иццухъе гел бегьулареб.

_i] hezeb voToda Til reZulareb, :im hezeb iCu]e gel behulareb.

Пурццил гьаракь къотIани, къолол бетIер камула.

Рагъ ххинкIазулгун лълъикIаб.
Рагъалдасса рекъел лълъикIаб.
РагьумахIугIан бегизе захIматаб мегIер гьечIеб. (Рукъалълъул рагьумахIу ГIакару мегIергIанаб).
РагIал бахъун хур бекье, ракьан бахъун бокь хъващтIе.
РагIал гьечIеб кьуру гьечIеб, рагIал гьечIеб авлахъ гьечIеб.
РагIалалдасса ракьан лълъикIаб (нухлул).

РагIи бадибе лълъикIаб, тIил мугъалде лълъикIаб.

РагIи бице бакI бихьун, ургъел бикье чи вихьун.
РагIи бугеб рукъалдасса, рукъго гьечIого, къватIир лълъикI.
РагIи бугеб рукъалдасса магIу бугеб рукъ лълъикIаб.
РагIи гьабизе — нус, нису квине — яс.
РагIи гьабуларесс боцIцIи хьихьиларо.

РагIи гIемералълъуб, хIалтIи дагьаб.

РагIи гьечIони кечI букIунареб.
РагIи гIарац буго, гIин тIами месед буго.
РагIи жаниб лъоларев чияссда балъгояб жо бицинегIан, квенчIчIел цIун босун къотIнобе бай.
РагIи къватIиб, дун рокъов. (КIал бугев чода, чодулав лъелго)
РагIи рагIуде бачIуна, гIор кьодукье бачIуна.

РагIи риидал гьабе, рекьи ихдал гьабе.

РагIи — рекIел кIул.
РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме.
РагIи хIалакъаб биде, гьан кьарияб кванай.
РагIуда гугьар гьечIин, гьурал жалго те.
РагIул гьоло гьабуге, гьалил мигъир гьабуге.

РагIул гугьар гьечIин, гьурал жалго те.
РагIул гIомо гьабуге, гIабдалгун щагъадуге.
РагIул гIомоялълъул гIарщал гьаруге.
РагIул квешлъи — ххалалъи, ххамил квешлъи — гьечIолъи.
РагIул квешлъи — ххалалъи, ххарбил квешлъи — гIемерлъи.
РагIул тIанчIи риччаге, тIулида ццин бихъуге.

РагIухъ балагьуге, хIалтIухъ балагье.
РагIуцца рагIи бахъула, бакъуцца чIчIетI бахъула.
Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб.
Радал къед биххун, къаденахъе хIур бахъун.
Радал яхъаралълъул балъ тIокIаб.
Радалго гьабураб хIалтIи лълъикIаб, гьитIинго ячарай чIчIужу лълъикIай.
Ражи — мискинчияссул данде жо.
РажидулI анкьго дару бугеб.
Ражиххуялълъул тIиналда гьабуниги, бертин бетичIого ххутIулареб.
Рак гьечIого, бокь бичуге, бекьичIого хур бичуге.
Ракъи-хьул, ссвак-кIкIвахI.
РакьулIе рехханиги, месед холаро.
Ракъдада чугIа чIчIоларо, чвантиниб гIарац чIчIоларо.
РакъичIого кванаге, къассд букIаго жибго те.
Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани рагIи гьуинлъула.
Ракь бижилалде рак бижараб.
Ракьул бетIергьан вуго бекьарав чи.
Ракьул гIанкIкI ракьул гьойцца гурони кколареб.
РакI битIизегIан мацIцI битIуларо.
РакI бухIун гIодани, беццаб бадиссаги магIу бачIуна.
РакI гурхIи гьечIеб хIал — хIанчIун кунеб гьан.
РакI гурхIун асскIобе бачараб бурутI ццин бахъун бачахъиялде ккола.
РакI щваралълъубе хIетI щола.
РакIалда бугеб жо бицинчIогойила нухъа чIчIегIерлъараб.
РачIчI ххалатаб гьойдассаги цIуне, гьод ххалатаб чодассаги цIуне.
РекIедасса рекIеде — кьо.
Ралъдадаги гел лъе (исрап гьабуге).
Ралъдаеги щуб къваригIунеб, щубаеги бакъ къваригIунеб.
РалъдалIе чIимихх бортанищ, ана нилIедасса.
РалъдалIе лълъимги тIоге, рохьобе тIилги босуге.
Рас хIеренаб бихьунила хIанчIчIаз руз бетIулеб.
РатIа тIамиледухъ вачIунге, бохх тIамиледухъ вачIа.
РатIалги щоларо, щигат диеги гIоларо.
РатIлицца — чи, чоцца — багьадур.
Рахараб гъанссиеги буцIцIараб кIалалълъеги рахIат букIуна.

Рахъдал чед гьабурай, чияр чи веэдарай.
Рахь баккулареб гIакдае чури кьоге.
Рахь гьечIеб гIакдацца гIартилI мал бала.
Рахь хахулелълъул бече хIалакъаб.
Рахьдал тIанкI гьечIони, бече лIугьунареб.
РахьдалI рас ххеххго бихьула.

РахIатаб гIумру бокьани, дуццаго чияего гьабуге налъи, чияда дуегоги гьабуге.
РахIатгун хIалихьалъи, захIматгун бахIарчилъи.
Раччи бачче черххалда рекъараб.
РачIчI бухьун, хIама чIчIоларо.
РачIчI къотIун борохь къелIе биччаге.
РачIчI кIудияб лIугьинебилан дегIен хьихьун букIарабила, лIурдул кIудиял лIугьун, чехь бихъизе ккарабила.

РачIчIалдасса чIухIараб хIелеко гIадав.
Регьел гIуралълъубе щуб гIолеб.
«РегIуларо, щоларо» гIилалъун рикIкIунаро.
Рекьи басандичIони, хIалтIул хIур бахъунаро.
Рекъав чияссул рагIад рекъаб букIуна.
Рекъараб рехъалълъ хъумур речIчIуларо.
Релълъаралда рекъарабила рохьдолI хIайван данделъулеб.
РекъечIеб бицарассда бокьулареб рагIула.
Рекъон кванай, къецц бан хIалтIе.
Рекъон чIчIикIаре.
РекIарассда лъелав велъуге.
РекIарассухъ ралагьун рекIа, рещтIарассухъ ралагьун рещтIа.
РекIее иххтияр кьуни, иххтияр гьечIеб бакIалде ккола.
РекIел бер балагьичIони, бералда канлъи бихьуларо.
РекIел гIин гIенеккичIони, гIиналда рагIи рагIуларо.
РекIел хIал хьарав ХIариколоссессда хIатIикь цIа бакарав кIахъияв рекъеларо.
РекIел хIуби — чехь, чохьол хIуби — чед.
РекIелI бугеб лъаларо, лъороб бугеб бихьуларо.
РекIкI гьабурассе хIучч битIуларо.
РекIун бихьун чу босе, лъун бихьун кьили босе.
Релълъаралда рекъарабила ратIлида рукъи балеб.
РетIине гурони къоги бачIинчIо,
РетIинчIого хвараб дарайдул горде.
Рецц гьабун гаргадиялълъ бецц гьарула, гIунгутIаби рициналълъ кантIизарула.
РещтIине лъаларев рекIинавуге.
РекIинеги лъай, рещтIинеги лъай.

Ригь богоде, бог радакье.
Ригьда вега, ригьда вахъа.
Ригьин чияргун лълъикIаб, чи нилIерго лълъикIав.
Ригьинги ригьги ургъун гьабе.
Риди меседлъи лъалебани, нахъеяссухъе щвелароан.
Рии кьижун арассе кьиндал мискинлъиялълъ макьу толаро.

Риидал бакънал рачуней йикIарай, ххасало кьурдулей йикIа.
Риидал борохь бихьарав ххасало гIарщикьа хIинкъула.
Риидал гвангвара гьаличIони, ххасало гереги гьалуларо.
Риидал гIодобе бегьараб квер чIобого бачIунаро.
Риидал гIор те, ххасало мегIер те.
Риидал дие гIоло чIвай, ххасало нужеего гIоло чIвай (чол кици).
Риидал кьижани, кьиндал гIака хола.
Риидал риди ххуй, ххасало нах кун.
Риидал тIимугъ босе, ххасало буртина босе.
Риидал херабги босуге, ххасало хIалакъабги босуге.
Риидал хур бекье, кьиндал кор боркье.
Риидал хурив хва, ххасало рокъов хва.

 

Риидал черхх берцин гьабула узданаб ретIелалълъ, ххасало ххинаб ретIелалълъ.

riidal xer{ bercin habula u#danab reTela:, {asalo {inab reTela:.

Риидал чIарадичIони, ххасало гьороб жо букIунареб.

riidal zaradizoni, {asalo horob $o bujunareb.

Риидал чIар гьабичIони, ххасало гьороб жо букIунаро.

Риидала – Ххассбика, ххасало – къватIулбика.

riidala - {aSbika, {asalo - qwaTulbika.

Риидалил цого хур, ххасало гIазукь къараб,

Ххасалил цого ссугъур, боххиссан ххер баккараб.

riidalil cogo [ur, {asalo fa#up qarab,

{asalil cogo Suvur, bo{iSan {er baKarab.

Риидалиде гьакал ххасало къачIай, ххасалоялде чанагъ риидал къачIай.

Риидалил цого хур, ххасало гIазулъ къараб.

Рии-риидал – чIор-чIорол, ххаса-ххасало – гуд-гудуч!

rii-riidal - zor-zorol, {asa-{asalo - gud-gudux!

 

Рикьи балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе къали чIехьолареб).

ripi baleb qwazinibe qali ba#e behularo (ripunibe qali ze%olareb).

Рикьул гьарурал ххинкIал ригьда кунев алазан.

ripul harural {injal rihda kunew ala#an.

Рикьунибе къали баге.

РикIкIада бугеб меседалдасса гIагарда бугеб гIаращ лълъикIаб.

РикIкIада бугеб гIагарлъиялдасса асскIов вугев мадугьалго лълъикIила.

riJada bugeb fagar;iyaldaSa aSjow wugew maduhalgo :ijila.

РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардаса квараб ссахI лълъикIаб.

РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула, хун рагIилалде, рукъун рагIула.

riJada rugel fagaral xafi, untun rafilalde, [un ratula, [un rafilalde, ruqun rafula.

РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардасса квараб ссахI лълъикIаб.

riJadaSa kwarab qaliyaldaSa fagardaSa kwarab Sa\ :ijab.

РикIкIадассан йихьизе лълъикIай чияр яс асскIоре щун йихьизе жо гурей жо ятула.

riJadaSan yi%i#e :ijay xiuar yas aSjore &un yi%i#e $o gurey $o yatula.

РитIухълъи рекIараб ххвалчадасса рекIараб.

Рихханжоялълъул жо гIолареб, гургил чед гIолареб.
Рододасса нах буххуге.
РодолIа бахъараб гел, нахулI лъейгун кьватIарабила.

Рокъоб гъечIеб талихI къватIиб къоларо.
Рокъоб къир-къвар бугони, дуниял къварилъула.
Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищ.
Рокъобе рукъгIанаб гьецIцIо босулеб.

Рокъоб къадру гьечIессул къватIибги букIунареб.

roqob qadru hezeSul qwaTibgi bujunareb.

Рокъоб къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб.

roqob qwaqwaduleb, qwaTib qin;uleb.

Рокъоб къир-къир бугони, дуниял къварилъула.

roqob qir-qir bugoni, duniyal qwari;ula.

Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIасселълъ.

roqob pezeb tali\ ro%ob peli&ilan aburabila salTaSe:.

Рокъоб ххам бугони - ххалатаб гурде, ххараб жо бугони - чIахIиял ххинкIал.

roqob {am bugoni - {alatab gurde, {arab $o bugoni - za\iyal {injal.

Рокъоб чед бугессда чияр мацIцI лъаларо.

roqob xed bugeSda xiyar ma~ ;alaro.

Рокъобго къулгIаги тун, къватIисса лълъим баччарай.

roqobgo qulfagi tun, qwaTiSa :im baXaray.

Рокъобе нух кидаго гIагараб.

roqobe nu[ kidago fagarab.

Рокъов гъалбацI – къватIив гIанкIкI.

roqow valba` - qwaTiw fanJ.

Рокъов – дегIен, къватIив – цIцIе.

roqow - defen, qwaTiw - ~e.

Рокъов квешасс рохьоб квешаб бачIуна.

Рокъов цIцIогьор хваги, ЦIцIоров дибир хваги.

roqow ~ohor [wagi, ~orow dibir [wagi.

Рокъой йигеб меххалълъ инссул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ.

roqoy yigeb me{a: inSul ruq, roqoye yuSindal - xiyar ruq.

Рокъосса квеш арав къватIивги квеш ххутIула.

​Рокьи ккани, кочIохъан яхъуна, чехь бухIани, магIихъан яхъуна.
Рокьи ккечIей гIаданалда росода нахъа чIчIун квен гьабизе лъалареб.
Рокьи кьерилI букIуна.
Рокьое баге, гьанае бай.

РолIул чадал рукIаго, мучариги квинаро, бугъби ццере рукIаго, бусбиги квегъиларо.
Роол къо ххасалил анкьида бащалъулеб. Росдал газа кьурда рекIунеб.
Роол рукъ — буртина, рукъалълъул хIуби — чIчIужу.

Росс-лълъади цолъичIони, рукъ беххе балагьула.
Россассе ине гIурай яцц йигев ваццассда къасси макьу щолареб.
Россассе ани, росс ватула, чIчIужу ячани, чIчIужу ятула.
Росдае гIоло бицараб рагIи — росдае гIоло гьабураб хъулухъ.
Росдае ххиянат гьабурав росдал цIецца вухIаги.
Росдал гIадат хвеялдасса, гIадатаб росу хвей лълъикIаб.
Росдацца хIелеко хъуни, хIарпиеги бутIа кьезе кколеб.
Росу бихьун си борххатаб бай.
Росу кIодо, ясал гIемер.

Росугун дагIбадани, чиякълъула, чIчIужугун дагIбадани, кваникълъула.
Росдал анцIилI, бол нусилI.
РосулI гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве.
РосулIе унти я базарганассул гьирацца бачIунеб, я гьардухъанассул къвачIицца бачIунеб.
Россассда лълъади лъабго къоялълъ юхIулейила, чIчIужуялда росс лъабго моцIцIалълъ вухIулевила.
Россассулал лълъадаре, лълъадулал кIалалълъ.

РосулIе унти я базарганассул гьирицца бачIунеб, я гьардохъанассул къвачIицца бачIунеб.

rosu/e unti ya ba#arganaSul hiriCa bazuneb, ya hardo]anaSul qwaziCa bazuneb.

РосулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге.

rosu/e &we#e res bujago, qwaTiwgi Zoge, rosu riJad bujin ;alago, qaSi nu[dagi wa]unge.

Роххел гIемералълъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералълъур магIихъаби рахъунел.

ro{el femera:ur purdu]abi ra]unel, [wel femera:ur mafi]abi ra]unel.

Рохол багьа къого гъурущ.

ro[ol baha qogo vuru&.

Рохъдол чед гьабурай, чияр чи веэдарай.

ro]dol xed haburay, xiyar xi weedaray.

Рохьалълъ тала босичIого толаро.

ro%a: tala bosizogo tolaro.

РохьдолI букIунареб чIухIухъаналде чIалгIараб салам дир махил тIилалълъул!

ro%do/ bujunareb zu\u]analde zalfarab salam dir ma[il Tila:ul!

РохьдолI чIчIа, рохьдолI хва.

ro%do/ Za, ro%do/ [wa.

РохьдолI чIчIолареб хIайваналда тIил щола.

ro%do/ Zolareb \aywanalde Til &ola.

Рохьил хIайван рохьоб гурони чIчIоларо.

ro%il \aywan ro%ob guroni Zolaro.

Рохьоб гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила.

ro%ob voTodagi kidago cogo \al bujunarebila.

Рохьоб хьараб хьодул пайда щибила.

ro%ob %arab %odul _ayda &ibila.

Рохьоб цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ.

ro%ob cidagi dande zwagegi jigo ebelcada].

Рохьоб циги ххутIугеги, цого тIинчIалда божун.

ro%ob cigi {uTugegi, cogo Tinzalda bo$un.

Рохьоб чан камулареб, чорххолI унти камулареб.

ro%ob xan kamulareb, xor{o/ unti kamulareb.

Рохьобе кватIи гурони пайда гьечIилан абун буго гъадицца.
Рохьобе тIил босуге, тIилацца хур бекьуге.
Роццадасса цIцIикIкIун чуги кIанцIуларо.
Роцен гьечIеб тIох хханассулги букIунареб.
РоцIцIагиян цIцIани, цIцIад багиян буртIал.
РоцIцIада ракI чIчIоге, гIорцIцIалида божуге.
Ругьунаб оцалълъ гIадин хур бекьуларо.
Рукъ гьечIессда чи лъала, чед гьечIессда мацIцI лъала.
Рукъ къваридав чи — лълъади квешав чи.
Рукъ лълъухьараб меххалълъ хIур бахъунеб гIадат.
Рукъалълъ басра гьавурав къватIалълъ ццеве кколаро.
Рукъалълъ бетIергьанчи гуро берцин гьавулев, бетIергьанчиясс рукъин.
Рукъалълъул къварилъи къадада лъала, дир рекIел къварилъи дидаго лъала.
Рукъалълъул кIудияв меххтичIони, бертин бетуларо.
Рукъалълъул кIалтIа хIелекоги багьула.
Рукъалълъул хIал лъималазда лъала, къватIалълъул хIал гIабдалассда лъала.
Рукъи бай каратI кIодолъилалде, дару гьабе унти ххалалъилалде.
РукIниб букIун гъулгъудун, ГъалбацIалълъ чан чIваларо.
Руссун херлъичIони, чу херлъуларо.
РутIби жанире ссверараб, боххдул щинкIил хъахIаб,

  • квараниде бухIи кьурараб, квегIиде жал бегараб магIарул гIаларча ххадуб ккогеги. 

РухI речIчIилалде тушман чIвачIев, рухI речIчIараб меххалълъ тушманасс чIвалев.
РухIалицца гIадин чи херлъуларо.
РухIел кванала, ццин кваналаро.
Ручун кIудияб, жаниб рак гьечIеб, тIину кIудияб, жаниб мугь гьечIеб.
Руччабазул базаралълъ рукъ ццебе тIоларо.
Рущи щваралълъубе гIанкIу буссуна.

Сабаб тIагIараб жо — гIажал, гIадан холеб жо — ххиял.
Саву кьун, кьаву босуге.
Сагъри кьода гьабураб, гьима гIурухъ батулеб.
Сапаралдасса вачIунаго, гамачI босунги, чIобого вачIунге.

Сордо базе къадар, къо базе гIажал, КъватIиса юссара цIцIар тIамурай яс!

  • (Кицилъун лIугьарал, пашманай эбелалълъул рагIаби).

Сордо къватIиб, ххинкI рокъоб.
Сордо сардие те.
Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна
Суалалда рекъон, къокъ гьабун кье жаваб.
Сумал чIалу гьабуге.

Ссабру гьаби гIоларо, рекIелI гIакълу гьечIони.

Sabru habi folaro, reje/ faqlu hezoni.

Ссабру гьабурассе пайда кIудияб.

Sabru haburaSe _ayda judiyab.

Ссабру гьечIев чияссул гьабун жо белълъунаро.

Sabru hezew xiyaSul habun $o be:unaro.

Ссабру – гIакълуялълъул ххан.

Sabru - faqluya:ul {an.

Ссабру тIагIарассухъа гIад гьабун жо босуге.

Sabru TafaraSu]a fad habun $o bosuge.

Ссабру ццебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе.

Sabru Cewe Ke#abe, Cim na]e Ke#abe.

Ссабруялда чIчIарассе пайда камулареб, ххеххдарухъанассул ххиялал хIорго ххутIулел.

Sabruyalda ZaraSe _ayda kamulareb, {e{daru]anaSul {iyalal \orgo {uTulel.

Ссабруялълъ мегIер лълъухъалеб.

Sabruya: mefer :u]aleb.

Ссабруялълъул тIиналда – багIараб месед.

Sabruya:ul Tinalda - bafarab mesed.

Ссабуралълъул аххада – роххел.

Sabura:ul a{ada - ro{el.

Ссабурассе бохх, виххарассе рахIа.

Ссадакъаги къаде квенги — дагьаб жо.

СсахIихъ ссахI гурони щолареб.
СсахIил роцен лъазе ккола.
СсахIицца къеларо, къолоцца бергьинаро. (Жо гуреб жоялълъул бицунге).
СсвакачIого чIчIани, чIчIечIого вилълъине ккола.
Ссверухъе валагьичIого, рагIи кьвагьуге.

Тайидул чу лIугьинегIан, бетIергьанчияссул гьой лIугьуна.
Тайпа лълъикIалдасса жибго лълъикIаб лълъикI.

ТалихI бугеб рокъове къоркъочилай лIугьинаро.

ТалихI бугев чияссул бихьинхIамаги къинлъулеб.

 

ТалихI бугев чияссул чухъил къвал хIулиларо.

tali\ bugew xiyaSul xu]il qwal \ulilaro.

ТалихI бугессул оц ияхI бугессухъе ккела.
ТалихI бугев ригьнадасса воххила.
ТалихI бугессул хIама хIортIа къинлъила.
ТалихI къосарассул кверде къо бухIарав кколев.
ТалихI къосиналдасса къо тIагIинго лълъикI.

ТалихI бугезда ккеларо бицун гIадан божулареб, гIодун Аллагь гурхIулареб гьуразул унти.

tali\ buge#da Kelaro bicun fadan bo$ulareb, fodun allah gur\ulareb hura#ul unti.

ТалихI бугессул бихьинхIамаги къинлъулебила.

tali\ bugeSul bi%in\amagi qin;ulebila.

ТалихI бугессул гвай къаццандулеб.

tali\ bugeSul gway qaCanduleb.

ТалихI бугессул оц ияхI бугессухъе ккела.

tali\ bugeSul oc iya\ bugeSu]e Kela.

ТалихI бугессул хIама хIортIа къинлъулебила.

tali\ bugeSul \ama \orTa qin;ulebila.

ТалихI, гьакил милъир гIадин, ссверулеб, цин тIаде кколеб, цин гъоркье кколеб.

tali\, hakil mi;ir fadin, Sweruleb, cin Tade Koleb, cin vorpe Koleb.

 

ТалихI гIодобе бортун батулареб, чIобого кьолеб жо букIунареб.

tali\ fodobe bortun batulareb, zobogo poleb $o bujunareb.

ТалихI духъан бугони, гIадамалги духъан рукIунел, дур талихI къосани, гIадамазда мунги къосунев.

tali\ du]an bugoni, fadamalgi du]an rujunel, dur tali\ qosani, fadama#da mungi qosunew.

ТалихI, кибе бахъараб?

Гьудуллъи бугелълъубе.

tali\, kibe ba]arab?

hudul;i buge:ube.

Талмикьа талмикьеги хьиндаллъийилан абурабила гIанкIкIицца.
ТечIони катиццаги хъат балеб.
Тирун жо батуларо, цIеххон гурони.

ТуманкI гьечIев чанахъан, чухъа гьечIев багьадур.

tumanj hezew xana]an, xu]a hezew bahadur.

ТуманкI лълъикIаб – ххалкъалълъ цIураб, рагIи лълъикIаб – киназулго данде ккараб.

tumanj :ijab - {alqa: `urab, rafi :ijab - kina#ulgo dande Karab.

Тури гьекъон, къеч хьвалареб, дуниял кваниги, къарум гIорцIцIуларев.

turi heqon, qex %walareb, duniyal kwanigi, qarum for~ularew.

Туризе лIугьараб гъотIое дару — къотIун реххи.

Туркидул кири гьечIеб, кочIол хIакъ гьечIеб.

turkidul kiri hezeb, kozol \aq hezeb.

ТуркIе, дадал Гъазали!

turje, dadal va#ali!

Туххум лълъикIай дуего те, жийго лълъикIай дие кье.

tu{um :ijay duyego te, $iygo :ijay diye pe.

Тушманассда бицунареб жо гьудулассдаги бицунге.

Тушманассухъе кваранаб рахъ кьоге.
Тушманлъи бекьани, бекьарасс лъилъула.

Тушманзабаздасса диццаго цIунила, Аллагь, гьудулзабаздасса дуцца цIуне.

tu^man#aba#daSa diCago `unila, allah, hudul#aba#daSa duCa `une.

Тушман вукIа абе, гьобол басра гьавуге.

tu^man quja abe, hobol basra hawuge.

Тушман гьавизе бокьани, къарзалълъ гIарац кьейила.

tu^man hawi#e bopani, qar#a: farac peyila.

ТIавус зодобе боржуна, гIункIкI ракьулIе лIугьуна.

ТIад бугеб пихъ бихьун гурони, гъотIол багьа лъаларо.

 

ТIад рекIараб чол квелълъ кквезеги лъазе кколебила.

Tad rejarab xol kwe: Kwe#egi ;a#e Kolebila.

ТIадаб гуреб гьабуни, гьабизе кколеб бегулеб.

Tadab gureb habuni, habi#e Koleb beguleb.

ТIадагьаб чвантидасса бакIаб гьир гьечIеб.

Tadahab xwantiniSa bajab hir hezeb.

ТIадго арав гьоболги лълъикIго кьолеб микьирги.

Tadgo araw hobolgi :ijgo poleb mipirgi.

ТIадго кквечIев цIцIогьор гурев.

Tadgo Kwezew ~ohor gurew.

ТIаде валагьарассе – рахъу, бухъулессе – хъиру.

Tade walaharaSe - ra]u, bu]uleSe - ]iru.

ТIаде гьобол къотIугеги, гьабихъе нух къосунгеги.

Tade hobol qoTugegi, habi]e nu[ qosungegi.

ТIаде къо ккани, къоркъолги бацI лIугьунеб.

Tade qo Kani, qorqolgi ba` /uhuneb.

ТIаде къо ккезегIан кIалалълъ гьури кколаресс, тIаде къо ккараб меххалълъ, горбода бетIер кколареб.

Tade qo Ke#efan jala: huri KolareS, Tade qo Karab me{a:, gorboda beTer Kolareb.

ТIаде къо щвезегIан кIалалълъ гьури кколаресс, тIаде къо ккараб меххалълъ горбода бетIер кколареб.

ТIаде лълъим бачIунареб хIор ххеххгого къунеб.

Tade :im bazunareb \or {e{gogo quneb.

ТIаде хъвачIого, ракьалдасса чияссул хIал хьоларебила.

Tade ]wazogo, rapaldaSa xiyaSul \al %olarebila.

ТIаде цоги гъеду бачIани, гъоркь букIараб боржунеб гIадат.

Tade cogi vedu bazani, vorp bujarab bor$uneb fadat.

ТIаде цIцIанагIан гIемерлъулебги ургъел, тIасса бачахъанагIан дагьлъун унебги ургъел.

Tade ~anafan femer;ulebgi urvel, TaSa baxa]anafan dah;un unebgi urvel.

ТIаде чи лъаларила, чараб гьой лъаларила (гьабулеб ишалълъе ххеххлъи гьабейила...).

Tade xi ;alarila, xarab hoy ;alarila (habuleb i^a:e {e{;i habeyila...).

ТIадегIан ругезул хIурмат лълъиццаго цIунула, хIурмат цIуне гъоркьеххун ругезул.

ТIалайдухъа гьоркье гIарац баниги, чIчIужуялълъ кквечIеб рукъ бечелъуларо.
ТIанчIиги ханалги гьарила.
ТIанчIи ругеб гъадие гьосол бутIа щолареб.
ТIанчIил гьоцIцIо хъахIабила.
ТIассан бараб рукъи тIассан холеб.

 

ТIаргъил борххалъиялълъ гуребила чияссул тIадегIанлъи борцунеб.

Tarvil bor{a;iya: gurebila xiyaSul Tadefan;i borcuneb.

ТIарцIцIаб куялдасса керчаб гьой лълъикIаб.

Tar~ab kuyaldaSa kerxab hoy :ijab.

ТIасса лIугьа! Дур букIин лъарабани, бикъилароан!

BахI, дир букIинги лъан батиларин, дурго гуреблъигIагийищ лъачIеб?

TaSa /uha! dur bujin ;arabani, biqilaroan!

wa\, dir bujingi ;an batilarin, durgo gureb;ifagiyi& ;azeb?

ТIассан бараб рукъи тIассан холеб.

TaSan barab ruqi TaSan [oleb.

ТIахьал гIабдалзабазе гурелила хъвалел.

Ta%al fabdal#aba#e gurelila ]walel.

ТIегь балареб гъотIоде наялги руссунарел.

Teh balareb voTode nayalgi ruSunarel.

ТIегь гIемералдасса гъветI тIамах гIемераб лълъикIаб.

Teh femeraldaSa vweT Tama[ femerab :ijab.

ТIегь гIурдада берцинаб.

Teh furdada bercinab.

ТIегьги ххерги бижилалде, лълъимги ракги бижарабила.

Tehgi {ergi bi$ilalde, :imgi rakgi bi$arabila.

ТIегьалареб гъотIода пихъ бижулареб.

Tehalareb voToda _i] bi$ulareb.

ТIегьалареб гъотIоде на буссунаро.

ТIегьги ххерги бижилалде, лълъимги, ракьги бижараб.

ТIекъав, тIикъвамагIал чIваниги, хъущтIулев.

Teqaw, Tiqwamafal zwanigi, ]u&Tulew.

ТIекъалда тIад рекъоге, къурассде вортанхъуге.

Teqalda Tad reqoge, quraSde wortan]uge.

ТIекълъи киб баххчаниги, къватIибе баккичIого ххутIуларо.

ТIекълъи ккедал абула илбисалълъ батилилан, кицини букIуна мунго дуццагойилан.

Teq;i Kedal abula ilbisa: batililan, kicini bujuna mungo duCagoyilan.

ТIелекье ГIалибулат гIадин.

Telepe falibulat fadin.

ТIимугъ ххинаб бокьун, чахъаби рихун.
ТIингъилI векьарани, гордилI лъилъарула.
ТIину гьечIеб гьагьинире, гьарудуге. (гьабунщиналълъул охх унеб хIалтIи гьабуге).
ТIогьисса хIетIе гурони хIарщуда хъвазе теларилан лIугьарав магIаруласс хIарщулI дегIен чIвалебила.
ТIоларев гьудулассда бихIунареб рагIи абуге.
ТIоноцIцI букаригун нако хъассуге.
ТIогьоде хьвадичIеб найицца гьоцIцIо гьабуларо.

ТIор чIобогояб хIалухъин ххалатаб букIуна, бетIер чIобогояв чи чIухIарав вукIунев.
ТIорол лалидаги тIорахьдал щаридаги щаклъуге.
ТIорщел оцонибе бай.
ТIохде ине кIкIухIалал рохьоре ине ккола.
ТIоххол гьоболассдассаги гьанал гIагарлъиялдассаги ххабар лълъикI гьабе.
ТIоццебессеб соналълъ бугIаги хIунчулеб, кIиабилеб соналълъ гьолоцин хIунчулареб.
ТIоццее гьаюрай яс — ххеххго бекьараб пурчIина.

Умумазул адаб тарасс, ххалкъалълъул нусцIцIул тола.
Умумазул кици цониги гIодоб ххутIуларо.
Умумузул малълъи-магъилIе балеб цIцIад.

Унареб гIертIихъ балагьун, унеб парччи тоге.
Унаревила хIалихьат рохьове ани, рохьго баччун вачIуневила.
Унессе нух битIаги, чIчIолессе рукъ битIаги.
Ункъабго хъахIалълъул ункъабго къотIаги.
Унтарав чи меседил таххидассаги разилъуларо.
Унти раххнацца чIвалебила, рокIкIацца бищулебила.
Унтиги, тушманги, цIаги хIакъираблъун бихьуге.

Унтулареб черхх букIунареб, чурулареб боцIцIи букIунареб.

 

Унтун ххалалъугеги, херлъун басралъугеги (Ххалатаб чIвагеги, чIамучIаб ккогеги).

untun {ala;ugegi, [er;un basra;ugegi ({alatab zwagegi, zamuzab Kogegi).

Ургъалида тIаде тIенкелгIанай ясги гьаюнила.

urvalida Tade Tenkelfanay yasgi hayunila.

Ургъалицца черхх квараб, чоцца гьор квараб.

Ургъалицца черхх чIварабила, чоцца гьор кварабила.

urvaliCa xer{ zwarabila, xoCa hor kwarabila.

Ургъел бегьуларев, багьа кьун, восуларев.

urvel behularew, baha pun, wosularew.

Ургъел бикьуларев вокьулев хваги, рокьул бицунарей йокьулей хваги.

urvel bipularew wopulew [wagi, ropul bicunarey yopuley [wagi.

Ургъел гуребаб ургъеллъугеги, рухIел гуребаб рухIеллъугеги.

urvel gurebab urvel;ugegi, ru\el gurebab ru\el;ugegi.

Ургъел гьечIеб жо ракIалда чIчIолареб.

urvel hezeb $o rajalda Zolareb.

Ургъел гьечIеб жоялълъе хьихьари дагьаб.

Ургъел гьечIеб жоялълъе щакдари дагьаб.

urvel hezeb $oya:e &akdari dahab.

Ургьел гьечIеб рукъ гьечIеб.

Ургъел гьечIев чи ватичIев, чехь бухIичIеб черхх батичIеб.

urvel hezew xi watizew, xe% bu\izeb xer{ batizeb.

Ургъел гьечIессул гIумру ххалатаб, хIалтIи бокьуларессул гьанта ххалатаб.

urvel hezeSul fumru {alatab, \alTi bopulareSul hanta {alatab.

Ургъел гьечIесе ворчIи дагьаб.

Ургъел гьечIессул гIагIай кIудияб.

Ургъел гьечIессул макьу щулияб.

urvel hezeSul mapu &uliyab.

Ургъел макьигъдулеб, рокьи гьабудулеб.

УргъичIого борчIараб рагIи — ишан кквечIого реххараб чIор.
УргъичIого кIалъарав кIицIцIул хола.
Ургъул рагIи гъваридаб, гъвалил тIатIи биццатаб.
Ургъун гьабе, аралда ххадуб ракI бухIуге.
Ургъун гьагIеян абун буго игьалиссесс хIамида.

Ургьиб бугеб лъаларо, лъороб бугеб бихьуларо.

Ургьиб кIвекIун, кIалдиб чIамун гурони рагIи бицунге.

Ургьибе борохь биччани, ракIищ хIанчIилеб, тIулилI борлъилебилан гьикъулебила.

Ургьибе ккараб жоялде саву кколареб.

urhibe Karab $oyalde sawu Kolareb.

Ургьибеги лIугьунеб, нахъеги бачIунеб борохь.

urhibegi /uhuneb, na]egi bazuneb boro%.

Урхъукье вачIа, дадал!

ur]upe waza, dadal!

Устар лъала къайи бихьун.

ustar ;ala qayi bi%un.

Устарассда релълъараб букIуна хIалтIиги.

ustaraSda re:arab bujuna \alTigi.

Устарассул къед квешаб, къебедассул нус квешаб.

ustaraSul qed kwe^ab, qebedaSul nus kwe^ab.

Устарассул хьит гьечIеб, къебедассул нус гьечIеб.

ustaraSul %it hezeb, qebedaSul nus hezeb.

Устарассул роцц-роццго устарабила.

ustaraSul roC-roCgo ustarabila.

Устарассул хIатIалги устарал.

ustaraSul \aTalgi ustaral.

Устарги вукIуна, хIургIаустарги вукIуна.

ustargi wujuna, \urfaustargi wujuna.

Учузаб жо лълъикIаб букIунаро.

ХабалI жаназа лъезегIанго, гIурай яс россассе кье.
Ххабар гIемералълъуб иш дагьаб.
Ххабаралълъул лълъикIлъи — къокълъи биццалъи (ЦIадасса ХIамзат).
Ххадуб ккараб жо бацIицца чIвала.
Ххадув пашманлъиялълъ хъайир щоларо.
Ххаслихъе дагIнида — гьаб гIи лълъилан гьикъараб меххалълъ — гьав бахIарчияссул ругилан абурабила.

  • Ихдал гьикъараб мехалъ — бетӀергьабазул батилилан абурабила.

Хахизе ракIалда буртIида, лIутизе ракIалда цIцIеда.
Хвезе вокьарав чи кьолбоцца вецце.
Хвезе гIажалги кIудияб лълъикIаб.
Херав эмен вугесс рагьда хъазахъ тоге.

  • (ЛъарагIалдассан босараб, лъималаз умумул хIалтIизариялда гIайиб чIвараб кици).

Херав эмен гъоркье реххараб гьегь мунго реххизеги нахъе цIунун те.

Херлъун ххадуб хъарчигъа тъанчIацца балълъаргъунеб.

Херлъунилан бацIил цер лIугьинаро, цаби гъунилан ритIучIил багьа хвеларо.

[er;unilan ba`il cer /uhinaro, cabi vunilan riTuzil baha [welaro.

Херлъунилан бацIицца бацIил гIамал толареб.

[er;unilan ba`iCa ba`il famal tolareb.

Херлъунилан оцолги гIалимчияссулги багьа холареб.

[er;unilan ocolgi falimxiyaSulgi baha [olareb.


Хвелилан давлад унаро, тIатинилан жо бикъуларо.
Хвараб гхака рахьдалаб.
Хвараб бацIицца гIи чIваларо.
Хварав чидай молода вугев, чIагоявдай?
Хварав чияссдасса тIоххол къайи лълъикI.
Хваразе гурони, россасс риччаразе хоб бухъуларо.
Хварал чIчIегIер ракьулI, чIагоял багIар бакъукь.
Хоб тIупанагIан ракI тIупулеб.

Хоно – къурщил, къвакъвай – хъазил.
Хур бухIаниги, бакъ, рукъ бухIаниги, цIа.
Хур гуккуге, гъолълъ мун дагьавги цIакъ гуккизе гурин.
Хур гъоркьеххун лълъикIаб, рукъ тIадеххун лълъикIаб.
Хурги дуццаго бекье, гьабихъеги мунго а.
Хурде туманкI кьвагьани, гъолълъ нилIеде гIарада кьвагьула.
Хуриб тIепаб, тIохда ганжаб гамачI тоге.
Хурибе ккараб хIамицца кIал кIудияб цIола.
Хурибе хьон, хьагинибе ххинкI.
Хурищ бокьилеб, хурлъун дунищ?
Хурул хьон боцIцIийила, боцIцIул хьон рагIийила.
Хурулги рукъзабазулги бутIа бакьулIа босе.
Хурулги хьолболги цIцIину лълъикIаб.

Ххазинаде гIарац те, гIедал яс россассе кье.

Ххалалъани ххабар чIалгIуна.

Ххалат бухIаги ччохIол мугъзада бакъ.
Ххалатаб жо — ччохIол бакь.

Ххалкъалда нух къосунаро.

Ххалкъалълъул тушман – къаццандухъан.

{alqa:ul tu^man - qaCandu]an.

Ххамиз сордо кинаб магIидаян абурабила сордо цIцIарай ясалълъ.

{ami# sordo kinab mafidayan aburabila sordo ~aray yasa:.

Ххамил базарган, мусру гьечIого, вукъаравила.

{amil ba#argan, musru hezogo, wuqarawila.

Ххан нилIер гьобол гуро.

{an ni/er hobol guro.

Ххан хведал вецце, лъимал гIедал рецце.

{an [wedal weCe, ;imal fedal reCe.

Ххан хола, лагъги хола – кIиялго бащалъула.

{an [ola, lavgi [ola - jiyalgo ba&a;ula.

Хханазда тIад кIусараб гIанкIу гIадин.

{ana#da Tad jusarab fanju fadin.

Хханасс кьураб чол кIалдире раккуларел.

{anaS purab xol jaldire raKularel.

Хханасс цIияб чухъа ретIани, баркулебила, мискинчиясс ретIани, гьаб кисса щварабилан гьикъулебила.

{anaS `iyab xu]a reTani, barkulebila, miskinxiyaS reTani, hab kiSa &warabilan hiqularebila.

Хханассда асскIоб кIиго ламадур квани, цояб магIарзухъан бачIунебила.

{anaSda aSjob jigo lamadur kwani, coyab mafar#u]an bazunebila.

Хханассде лълъикIав чиян абе, хабада ххухх-бурутI гIорцIцIизе ххер бижараб меххалълъ.

{anaSde :ijaw xiyan abe, [abada {u{-buruT for~i#e {er bi$arab me{a:.

Хханассда нич гьечIеб, гьарчида бер гьечIеб.

{anaSda nix hezeb, harxida ber hezeb.

Хханассда ццевессанги чода нахъассанги вилълъунге.

{anaSda CeweSangi xoda na]aSangi wi:unge.

Хханжар цIулал бугониги гIола, ракI маххул бугони.

Ххараб тIагIун ххутIугеги.

{arab Tafun {uTugegi.

Ххарахьибго бугеб тIенкел, тIукъбиго чIвачIеб гIала.

Ххасалил ххинлъиялдаги хханассул чучлъиялдаги божуге.

Ххаслихъе бечелъуге.
Ххаслихълъиялде къараб меххалълъ никIкIиццаги цIакъ хIанчIула.
Ххасало мегIер бацIие те.

Ххвалчада гурхIел гьечIеб, гулида берал гьечIел.

{walxada gur\el hezeb, gulida beral hezel.

Ххвалчада нахъа гьелда рекъараб гъежги къваригIунебила.

{walxada na]a helda reqarab ve$gi qwarifunebila.

Ххвалчадасса бергьарабги – хIила, тункIидасса гIужилабги – хIила.

{walxadaSa berharabgi - \ila, tunjidaSa fu$ilabgi - \ila.

Ххеххаб гважуцца беццаб когIо гьабулебила.

{e{ab gwa$uCa beCab kofo habulebila.

Ххеххаб гIор ралъдахъе щоларебила.

{e{ab for ra;da]e &olarebila.

Ххеххаб цIцIад ххеххго къотIулеб.

{e{ab ~ad {e{go qoTuleb.

Ххеххго бачIунеб, кватIун унеб жойила къварилъи.

{e{go bazuneb, kwaTun uneb $oyila qwari;i.

Ххеххго гIуцIцIараб ххеххго биххулебила.

{e{go fu~arab {e{go bi{ulebila.

Ххеххго рекIараб цIа ххеххго ссунеб.

{e{go rejarab `a {e{go Suneb.

Ххеххдари гIайиб буго, гIодов виччай рецц буго.

{e{dari fayib bugo, fodow wiXay reC bugo.

Ххинаб цIаги, цIияв россги.

ХхинкI босарасс тIор босе.

{inj bosaraS Tor bose.

ХхинкIазде – щвартIиххалат, хуриве – рагIадххалат.

{inja#de - &warTi{alat, [uriwe - rafad{alat.

Ххиял букIанила хераб гIанкIудул, ханал гьарилилан, къинлъарилилан.

Ххунзахъ бетIер бахъизе ккани, лъабго накIкIигъветI кIкIвине ккола.
Ххунздерил гIадат хвани, гIандалазул балъ холеб.

Ххухх кодобе босани, куй гIодобе биччазе ккола.

Хъабчида рекъараб рукъи камиларо.
Хъазихъего къвакъвадун, къадкил кIал бихъарабила.
ХъархъилI гIанкIкI букIаго цIеда гереги лъоге.
Хъат цIун цIцIам чIчIикIарасс гел цIун лълъим гьекъезе ккола.
ХъахIаб гIарац чIчIегIераб къоялълъе къваригIуна.
ХъахIаб чол чIоло заманалда къай.
ХъахIаб чоццаги, къоролалълъул васассги рагъда къо хIехьоларо.
ХъахIал кверазе хIалтIи бокьуларо.
ХъахIал кверазе чияр захIмат бокьула.
Хъвезе кьарияб бокьулеб, квине хIалакъаб бокьулеб.
Хъизаналълъул гIайибал гIадамазе гьурщуге.
Хъизаналълъул рокьи—рукъалълъул ххазина.
Хъирисс бараб чу хъирисс бараб чода лIулIалеб.
Хъирмида месед гIадин.
Хъукь бекьараб бугIаялдасса ццудун бекьараб богIол накку лълъикI.
Хъукьаб бугIаялдасса ццудунаб ссуссур лълъикIаб.

ХIайван – тIассан чараб, гIадан – жаниссан чарав.

\aywan - TaSan xarab, fadan - $aniSan xaraw.

ХIайван хвани – ракьа, чи хвани – ишал.

\aywan [wani - rapa, xi [wani - i^al.

ХIайван хIайваналда релълъараб, гIадан гIадамассда рельлъарав.

\aywan \aywanalda re:arab, fadan fadamaSda re:araw.

ХIайваналда ччехI ккани, риидал кьаралъула, рукъалда ччехI кканани, чанги сон къваригIуна.

\aywanalda Xe\ Kani, riidal para;ula, ruqalda Xe\ Kanani, xangi son qwarifuna.

ХIажалъиялълъ малълъула, магъалоялълъ квегъула.

\a$a;iya: ma:ula, mavaloya: kwevula.

ХIажат гьечIеб ххабаралда ххадувги лIугьунге, кколареб ишги бетIералде босуге.

\a$at hezeb {abaralda {aduwgi /uhunge, :olareb i^gi beTeralde bosuge.

ХIажияссул ракI ХIавал кIалдиб.

\a$iyaSul raj \awal jaldib.

ХIайваналцин рагъизе тIами Аллагьасс гьукъараб жойила.

\aywanalcin ravi#e Tami allahaS huqarab $oyila.

ХIакимассда ццевессанги унге, хIамида нахъассанги унге.

\akimaSda CeweSangi unge, \amida na]aSangi unge.

ХIакимзаби рихьидал, «рорчIами!» – ян вортулев, цогидазда бер чIвайдал, рихьичIеб ххвел гьабулев.

\akim#abi ri%idal, «rorzami!» - yan wortulew, cogida#da ber zwaydal, ri%izeb {wel habulew.

ХIакимассул витIи – чи ватIа гьавунгутIи.

\akimaSul wiTi - xi waTa hawunguTi.

ХIалихьатил хIетIе нахъе кколеб, квер ццебе кколеб.

ХIалтIарассда лъала ххинкIазул тIагIам.

ХIалтIи бокьулев лIугьине лъабго сон къваригIунеб, кIкIухIал лIугьине лъабго къо гIолеб.
ХIалтIи буго рухI гьечIеб жо.
ХIалтIи гьечIессе къо ххалатаб.
ХIалтIи гьечIессул чед гьечIеб.
ХIалтIи гьечIо, лълъикIлъи гьечIо.

ХIалтIи гьечIони, лълъикIлъи гьечIо, лълъикIлъи гьечIони, гIумру гьечIо.
ХIалтIи къола, гIадамал бергьуна.
ХIалтIи тIагIун чи холаро.
ХIалтIи рихарассул гIусал-цаби чIчIола. (Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо.)

ХIалтIичIони, хIалтIи букIунаро.

\alTizoni, \alTi bujunaro.

ХIалтIичIони, чIамулареб, чIамичIогоги гIолареб.

\alTizoni, zamulareb, zamizogogi folareb.

ХIалтIуда маххссара лъалареб, маххссараялълъ квен кьолареб.

\alTuda ma{Sara ;alareb, ma{Saraya: kwen polareb.

ХIалтIуда рекъарабила мухьги букIунеб.

\alTuda reqarabila mu%gi bujuneb.

ХIалтIудасса хIинкъуларессдасса хIалтIи хIинкъулебила.

\alTudaSa \inqulareSdaSa \alTi \inqulebila.

ХIалтIуде унелълъул ццевехъан – мискинчи, берталълъе унелълъул ццевехъан – бечедав чи.

\alTude une:ul Cewe]an - miskinxi, berta:e une:ul Cewe]an - bexedaw xi.

ХIалтIуе – квалквад, квание – гъалбацI.

\alTuye - kwalkwad, kwaniye - valba`.

ХIалтIуе – кечI, кинидае – лаилагьа.

\alTuye - kez, kinidaye - lailaha.

ХIалтIуе – пахъла, квание – хъанхъра.

\alTuye - _a]la, kwaniye - ]an]ra.

ХIалтIуде – хьадар, квание – гIедер.

\alTude - %adar, kwaniye - feder.

ХIалтIул квешлъи — гьабунгутIи, гьудулассул квешлъи — хIалккунгутIи.

ХIалтIул лълъикIлъи лIугIидал лъала, чияссул лълъикIлъи хведал лъала.

\alTul :ij;i /ufidal ;ala, xiyaSul :ij;i [wedal ;ala.

ХIалтIул пайда гьечIеб пикру гьечIони.

\alTul _ayda hezeb _ikru hezoni.

ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав.

\alTul rafal Teren Kuraw, Tabjil rafal biCat Kuraw.

ХIалтIул ссвак хIалтIун гурони бахъуларо.

ХIамида асскIобе гIари бачIунаро, гIорода асскIобе хIама гурони.

ХIалтIулев гIумруялълъго кванарав, хIалтIуларев кваначIого ххутIарав.

ХIамида кIерт берцин бихьулебила.

\amida jert bercin bi%ulebila.

ХIилаялълъ балагьуге, хIалтIун балагье.

ХIуличIого бана гIака магIида.

Царацца бацIида гьикъарабила, гьадигIан цIакъ дур габур щиб гьабун биццалъарабилан.

  • БацIицца жаваб кьурабила, дирго къваригIелалълъ дунго ун биццалъанилан.

Цин гьабизе кIкIухIаллъани, кIицIцIул гьабизе ккола.
Цин хIалтIизе, цин кваназе кIицIцIул дунялалде риччаларо.​

 

Цо гIила гьечIого гIадан мискинлъуларо.

co fila hezogo fadan miskin;ularo.

Цо гIила гьечIого нухда моххмохх лъоларилан абурабила царацца.

co fila hezogo nu[da mo{mo{ ;olarilan aburabila caraCa.

Цо гIила гьечIого цIцIад балареб, цо гIила гьечIого бакъ щолареб.

co fila hezogo ~ad balareb, co fila hezogo baq &olareb.

Цо гIиялълъажо хъунги бертин гьабейила, цIцIалкIу кIутIунги берталълъ роххел загьир гьабейила.

co fiya:a$o ]ungi bertin habeyila, ~alju juTungi berta: ro{el #ahir habeyila.

Цо гIункIкI царгъикь гьабулебила, цо гIункIкI авлахъалда гьабулебила.

co funJ carvip habulebila, co funJ awla]alda habulebila.

Цо жо бикъарасс кинабго бикъарабиланги кколеб, цо гьересси бихьарассул кинабго гьерессиянги кколеб.

co $o biqaraS kinabgo biqarabilangi Koleb, co hereSi bi%araSul kinabgo hereSiyangi Koleb.

Цо жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ гьедигIан кIудияб мухь кьеларин дуццаян абурабила бакьучалълъ бацIида.

co $o rajalda hezogo, hedifan huTinab \alTu] hedifan judiyab mu% pelarilan duCayan aburabila bapuxa: ba`ida.

Цо къоялълъ ццебе бекьараб жо анкьицца ццебе бижула.

Цо росулI цо гIабдал гIун вугилан абурабила ХIажихIума-дибирасс.

co rosu/ co fabdal fun wugilan aburabila \a$i\uma-dibiraS.

Цо-цониги гIайиб хханассул ясалдаги кколебила.

co-conigi fayib {anaSul yasaldagi Kolebila.

Цо-цониги гIакъилаб жо гIабдалассги бицунеб.

co-conigi faqilab $o fabdalaSgi bicuneb.

Цо-цониги гIакъилги мекъи кколевила.

co-conigi faqilgi meqi Kolewila.

Цо-цониги оцол багьаябги букIунебила гьересси.

co-conigi ocol bahayabgi bujunebila hereSi.

Цо-цо чияссул гIаданлъи гьабичIого гIумру уна.

ЦоцIцIул бицани – берцинаб, кIицIцIул бицани – мухьучIаб.

co~ul bicani - bercinab, ji~ul bicani - mu%uzab.

ЦоцIцIул кIодолъулевила чи, кIицIцIул гьитIинлъулевила.

co~ul jodo;ulewila xi, ji~ul hiTin;ulewila.

Ццебе цIа бакани, нахъа рахъу ккола.
ЦцебетIамалълъе тIил бигъараб.

Ццим бахъиналълъ гIакълу унеб, гIамал кIодолъиялълъ гIакълу холеб.

ЦIадаб бачIеб чед кунев Бигищ гIадин.

`adab bazeb xed kunew bigi& fadin.

ЦIадабе бегьараб квер бухIичIого ххутIуларо.

`adabe beharab kwer bu\izogo {uTularo.

ЦIадабе нарт тIолареб.

`adabe nart Tolareb.

ЦIадакьаги ворчIун, гонгикье ккана.

`adapagi worzun, gongipe Kana.

ЦIадакьаги лIутун, гонгикь чIчIарав.

`adapagi /utun, gongip Zaraw.

ЦIадулгун маххссара те, лълъадалгун божилъи те.

`adulgun ma{Sara te, :adalgun bo$i;i te.

ЦIакъ ворххани тIепула, тIепун чIчIани ворххула.

ЦIакъго чIухIарав чIвалев, унти баххчарав холев​.

ЦIакъго эххеде ворххарав гIодов квеш речIчIулев.

ЦIел хIалтIи цIецца гурони гьабулареб.

ЦIцIад хIаллъани, рокъове, бакъ хIаллъани, гьорове.

 

ЦIцIадал барти – буртина, гьорол къолден – къехь.

~adal barti - burtina, horol qolden - qe%.

ЦIцIадал къалиялдасса бакъул ссахI бергьунеб.

~adal qaliyaldaSa baqul Sa\ berhuneb.

ЦIцIадал къоялълъе бакъул къо камулареб, лабалда хуралълъе цIцIадал къо камулареб.

~adal qoya:e baqul qo kamulareb, labalda [ura:e ~adal qo kamulareb.

ЦIцIадал сон бакъараб, бакъул сон гIорцIцIараб.

~adal son baqarab, baqul son for~arab.

ЦIцIадалаб сон ххарилаб, бакъулаб сон хурулаб.

~adalab son {arilab, baqulab son [urulab.

ЦIцIадалабги гьекъана, бакъулабги къулчIчIана.

~adalabgi heqana, baqulabgi qulZana.

ЦIцIал кьун гIоларессе, чу кьуниги гIолареб.

~al pun folareSe, xu punigi folareb.

ЦIцIалани, гIелму щолеб, хIалтIани, боцIцIи щолеб.

~alani felmu &oleb, \alTani bo~i &oleb.

ЦIцIаланщинав чи Къудукьа Мусалав вукIунарев, кьалде анщинав ХIажимурад вукIунарев.

~alan&inaw xi qudupa musalaw wujunarew, palde an&inaw \a$imurad wujunarew.

ЦIцIаланщинав чияссул гIалимчи вахъунарев, цо-цо гIалимчиги вукIунев, цо-цо цIцIалунчиги вукIунев, ххутIарал чIчIинкIилалги рукIунел.

~alan&inaw xiyaSul falimxi wa]unarew, co-co falimxigi wujunew, co-co ~alunxigi wujunew, {uTaral Zinjilalgi rujunel.

ЦIцIалараб гIоларебила, цIцIалкIизеги кколебила.

~alarab folarebila, ~alji#egi Kolebila.

ЦIцIаларассда гIелму лъала, бихьарассда дунял лъала.

~alaraSda felmu ;ala, bi%araSda dunyal ;ala.

ЦIцIалацца буххугейила жиб, кIалцIуцца буххеян абулебила чоцца.

~alaCa bu{ugeyila $ib, jal`uCa bu{eyan abulebila xoCa.

ЦIцIалдохъан лълъикIав вугилан, мекъсса кьураб жавабалълъе лълъикIаб къимат лъолареб.

~aldo]an :ijaw wugilan, meqSa purab $awaba:e :ijab qimat ;olareb.

ЦIцIалкIал рекьарулел, гьаркьал лъилъарулел.

~aljal reparulel, harpal ;i;arulel.

ЦIцIар кIудияв ретIел гьечI.

ЦIцIогьор бечелъуларевила, баххил кьаралъуларевила.

~ohor bexe;ularewila, ba{il para;ularewila.

ЦIцIогьор гьедула, хъахIба гIодула.

~ohor hedula, ]a\ba fodula.

ЦIцIогьор гIорцIцIуларев, гIалимчи вакъуларев.

~ohor for~ularew, falimxi waqularew.

ЦIцIогьор жиндирго рагIадалълъукьаги хIинкьулев.

~ohor $indirgo rafada:upagi \inqulew.

ЦIцIогьор тIаргъил щомериялдассанги ватIа гьавизе лъалевила.

~ohor farhil &ome.

ЦIцIогьорассул берал мугъалда нахъаги рукIунелила.

~ohoraSul beral muvalda na]agi rujunelila.

ЦIцIогьорасс гурони цIцIогьор веццуларев.

~ohoraS guroni ~ohor weCularew.

ЦIцIогьорасс жиндирго каву щула гьабулеб.

~ohoraS $indirgo kawu &ula habuleb.

Чан бече бугеб бичассул рохъдолI.

 

Чаргъеду парххунилан бакъул нур ссвинаро.

​xarvedu _ar{unilan baqul nur Swinaro.

Чарухъаз гьабун чакмабаз кваналеб заман бачIун буго.

xaru]a# habun xakmaba# kwanaleb #aman bazun.

Чарухъида хIур бахинчIони, хIарчида нах бахунаро.

Чахъаби ругони вехь камиларо.

xa]abi rugoni we% kamilaru.

Чахъаби чвантинир лълъикI.

xa]abi xwantinir :ij.

Чахъабиги цIунун, бацIалги гIорцIцIун.

xa]abigi `unun, ba`algi for~un.

Чахъдал къинлъиялдасса куйдул багьлъи бергьунеб.

xa]dal qin;iyaldaSa kuydul bah;i berhuneb.

Чахъдал тIом ретIараб чакъал гIемераб.

xa]dal Tom reTarab xaqal femerab.

Чахъдал цIцIулъи бихьидал, цIцIе белъарабила.

xa]dal ~u;i bi%idal, ~e be;arabila.

Чахъдацца цIцIараб цIцIеде бачунге.

xa]daCa ~arab ~ede buxunge.

Чахъу гIорцIцIулареб, гIорцIен къинлъулареб.

xa]u for~ulareb, for`en qin;ulareb.

Чахъу чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги багIарабила.

xa]u zwanigi bafarabila ba`il jal, zwazonigi bafabila.

Чванта тIадагьлъани гьудулзаби дагьлъулел.

xwanta Tadah;ani hudul#abi dah;ulel.

Чвангида кIулал рарав.

xwangida julal raraw.

Чвантиниб гIарац бугони магIардаги ах гьабулеб.

xwantinib farac bugoni mafarde a[ habuleb.

Чвантиниб гIарац бугони, эбелалълъул къвалакьа яхъунги, яс кьолейила.

xwantinib farac bugoni, ebela:ul qwalapa ya]ungi, yas poleyila.

Чвантиниб гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIащтIи кодоб гьечIого, рохьове инго лълъикIаб.

xwantinib farac hezogo, ba#aralde inefan, fa&Ti kodob hezogo, ro%owe ingo :ijab.

Черххалда гIакъуба бихьичIони, чехьалда рахIат бихьуларо.

Черххалдасса гIорцIцIуге, къуваталдасса чIухIуге.

Черххалда ракI чIчIоге, чи данде ккезе гурин!

Чи хвезе бегьулев жинда чилъун вихьуларев чияссдассанги,

  • чи хвезе бегьулев жинда жолъун бихьулареб унтиялдассанги.

Чияда ццебе хъат кквеялдасса хъирул къоно тIад байго лълъикIаб.

xiyada Cebe ]at KweyaldaSa ]irul qono Tad baygo :ijab.

Чияда ццебе хъат ккурасс черхх бичула, чияе наку чIварасс намус бичула.

xiyada Cebe ]at KuraS xer{ bixula, xiyaye zwaraS namus bixula.

Чияда – цедер, дудаго – рокьо.

xiyada - ceder, dudago - ropo.

Чиядасса тIокIлъарассул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар бугев ххашазе тушманлъула.

xiyadaSa Toj;araSul tu^man femer wujuna, ba$ari-hunar bugew {a^a#e tu^man;ula.

Чияде абулелълъул, дурго эбелалълъулги пикру гьабе.

xiyade abule:ul, durgo ebela:ulgi _ikru habe.

Чияде хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб.

xiyade %amurab $indego buSuneb, xiyade aburab $indego bazuneb.

Чияе бухъаралълъуре нилIго кколел.

xiyaye bu]ara:ure ni/go Kolel.

Чияе гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек.

xiyaye haburab kumek - duyego haburab kumek.

Чияе гьересси бицарасс дуеги бицунеб, чияе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб.

xiyaye hereSi bicaraS duyegi bicuneb, xiyaye {iyanat haburaS duyegi habuleb.

Чияр кумекалде хьул лъоге, хIалтIун балагье.

Чияр куц-бегIалълъул бициналде, цин мунго матIуялълъуве валагье.

Чияссе гъересси бщарасс дуеги бицунеб, чияссе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб.
Чорххое рахIат гьабурав, нахъа разилъуларо.

Чорххол гьава цIцIикIкIарав цо хIалалда ххутIуларо.

ЧIагого хун вачIинегIан, хвечIого ракьулI вукъиго лълъикI.

zagogo [un wazinefan, [wezogo rapu/ wuqigo :ij.

ЧIагоязе гьимуларев, хваразухъ гIодуларев.

zagoya#e himularew, [wara#u] fodularew.

ЧIагоязул пикру гьабуни, хваралълъ вуго, хваразул пикру гьабуни, Багъдадалда вуго.

zagoya#ul _ikru habuni, [wara: wugo, [wara#ul _ikru habuni, bavdadalda wugo.

ЧIагоязулIги вукIуна хварав чи, хваразулIги вукIуна чIагояв чи.

ЧIагоял хунилан, хварал рахъунарел.

zagoyal [unilan, [waral ra]unarel.

ЧIобогояб къвачIил къвакъвай кIудияб, чIобогояб ботIрол рецц-бакъ кIудияб.

ЧIухIараб хIелеко, хIарщулI къан холеб.

ЧIухIарав хIакъирлъула, хIалимав кIодолъула.

ЧIухIарав чияссда цадахъ рекIун иналдасса, гIадатав чиги ваччун ин лълъикIаб.

ЧIухIи бичун босизе кколареб.

zu\i bixun bosi#e :olareb.

ЧIухIи хIатIикье кколеб.

ЧIухIи хIелкие те, хIинкъи гIанкIкIие те.​

ЧIухIи хIатIикье кколеб, бахIарчилъи тIад кколеб.

zu\i \aTipe Koleb, ba\arxi;i Tad Koleb.

​​

ЧIухIиялда ххадуб хIакъирлъиги хьвадулеб.

ЧIухIуге, чIчIегIераб ракьалдайин мун лъезе вугев.

​​

ЧIухIиялълъги вакъиялълъгийила КъурбангIали хварав.

zu\iya:gi waqiya:giyila qurbanfali [waraw.

ЧIухIуге, чIчIегIераб ракьалдайин мун лъезе вугев.

zu\uge, Zeferab rapaldayin mun ;e#e wugew.

ЧIчIанагIан кIанцIизе кколебилан абурабила гIанкIкIицца.

 

ЧIчIужу ячарай гIолареб, чIчIужуялълъе россги къваригIунев, руссунги къваригIунеб.

Zu$u yaxaray folareb, Zu$uya:e roSgi qwarifunew, ruSungi qwarifuneb.

ЧIчIужу яче, чияе инчIей, чу босе, чияцца рекIинчIеб.

Zu$u yaxe, xiyaye inzey, xu bose, xiyaCa rejinzeb.

ЧIчIужу ячин – моцIцIрол роххел, гIумруялълъул ургъел.

Zu$u yaxin - mo~rol ro{el, fumruya:ul urvel.

ЧIчIужу ячине – херав, хвезе – бахIарав.

Zu$u yaxine - [eraw, [we#e - ba\araw.

ЧIчIужу ячунге, чадил мучари гьабулей.

Zu$u yaxunge, xadil muxari habuley.

ЧIчIужу ячунелълъулги чу босулелълъулги, бералги къанщун, Аллагьассде божилъи гьабе.

Zu$u yaxune:ulgi xu bosule:ulgi, beralgi qan&un, allahaSde bo$i;i habe.

ЧIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна, щагIил рекелги йикIуна.

Zu$ugi yijuna, Zu$ujgi yijuna, &afil rekelgi yijuna.

ЧIчIужугун вагъани, чехь тIеренлъула, росугун вагъани, рукъ нахъе ккола.

Zu$ugun wavani, xe% Teren;ula, rosugun wavani, ruq na]e Kola.

ЧIчIужугIадан йигила цIцIорол тIагIел, чIинкъани рукъи базе бегьулареб.

Zu$ufadan yigila ~orol Tafel, zinqani ruqi ba#e behulareb.

ЧIчIужугIаданалдасса къадарав бихьинчиги вукIунев, бихьинчияссдасса цIакъай чIчIужугIаданги ятулей.

Zu$ufadanaldaSa wadaraw bi%inxigi wujunew, bi%inxiyaSdaSa `aqay Zu$ufadangi yatuley.

ЧIчIужугIаданалълъул гIакълу квенчIчIелтIа букIунебила, гьей тIаде яхъингун, бортунги унебила.

Zu$ufadana:ul faqlu kwenZelTa bujunebila, hey Tade ya]ingun, bortungi unebila.

ЧIчIужугIаданалълъухъ ралагьизейила берал рижун ругел.

Zu$ufadana:u] ralahi#eyila beral ri$un rugel.

ЧIчIужуквешил гьобол воххун унарев.

Zu$ukwe^il hobol wo{un unarew.

Шагь гIадаллъун ватани, Дагъистаналълъул ххалкъалда данде рагъде виччай.

^ah fadal;un watani, davistana:ul {alqalda dande ravde wiXay.

Шагьи гуронани, гIарацги щвечIев, цо гIанкIу гурони, боцIцIиги гьечIев.

^ahi guronani, faracgi &wezew, co fanju guroni, bo~igi hezew.

Шагьи кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре.

^ahi pun, bar&i#aruge, oc pun, reqe#are.

Шагьиялда бараххщарасс гъурущ бичизе кколеб.

^ahiyalda bara{&araS vuru& bixi#e Koleb.

ШантIулида бадибе чугIанги валагьичIила.

^anTulida badibe xufangi walahizila.

Шиша бугев – гьудул, гьан бугев – дацци.

^i^a bugew - hudul, han bugew - daCi.

ЩагIил рекелалда чIулгIи бекуге.

&afil rekelalda zulfi bekuge.

ЩагIицца берал ссурай, ссуркIицца кIал бахъарай.

&afiCa beral Suray, SurjiCa jal ba]aray.

Щай нилIедего кколареб хIал гIи бегIералде босизеян абурабила гъадицца хIамида.

&ay ni/edego Kolareb \al fi beferalde bosi#eyan aburabila vadiCa \amida.

Эмен гьечIессдасса эбел гьечIев цIцIикIкIун бессдалавила.

emen hezeSdaSa ebel hezew ~iJun beSdalawila.

Эмен гьечIессул кIудияв эмен валагьуге.

emen hezeSul judiyaw emen walahuge.

Эмен гьобол гIадав чи, рукъалълъул хIал эбелалда лълъикI лъала.

emen hobol fadaw xi, ruqa:ul \al ebelalda :ij ;ala.

Эмен къолохъан вугони, вас кьурдухъан вахъуневила.

emen qolo]an wugoni, was purdu]an wa]unewila.

Эмен къваригIунареб къо бачIунареб.

emen qwarifunareb qo bazunareb.

Эмен лълъикIассдасса живго лълъикIав лълъикI, эбел лълъикIалдасса яс лълъикIай лълъикI.

emen :ijaSdaSa $iwgo :ijaw :ij, ebel :ijaldaSa yas :ijay :ij.

Эмен рихарав васассда живгоги рихунев.

emen ri[araw wasaSda $iwgogi ri[unew.

Эмен хвеларев щив, оц хъвеларев щив! (дуцца диеги гьабичIо, дицца дуеги гьабиларо).

emen [welarew &iw, oc ]welarew &iw! (duCa diyegi habizo, diCa duyegi habilaro).

Эмен цин кваналев, эбел кIицIцIул кваналей, лъимал лъабцIцIул кваналел.

emen cin kwanalew, ebel ji~ul kwanaley, ;imal ;ab~ul kwanalel.

Эххеде валагьарав гIодов ххутIаравила, гIодове валагьарав вахъун ккаравила.

«Юргъа бачани, бетIергьанчихвад, мун чияцца рекIуна».

«yurva baxani , beTerhanxi[wad, mun xiyaCa rejuna».

Юргъаялълъ – чу, ишалълъ – чи.

yurvaya: - xu, i^a: - xi.

Я гьанив гурев, я дова гурев.

ya haniw gurew, ya dowa gurew.

Я гIарцул чванта цIела, я салул гвангвара цIела.

ya farcul xwanta `ela, ya salul gwangwara `ela.

Я гIурул рагIал, я мугIрул ракьан.

ya furul rafal, ya mufrul rapan.

Я зурзур те, я квен те.

ya #ur#ur te, ya kwen te.

Я къали чIвай, я зурма пуй.

ya qali zway, ya #urma _uy.

Якьадалълъ лълъухьизе нусалълъ тун, нусалълъ лълъухьизе якьадалълъ тун.

yapada: :u%i#e nusa: tun, nusa: :u%i#e yapada: tun.

Я хIама хвела, я ххан хвела.

ya \ama [wela, ya {an [wela.

Я мими гурев, я дуду гурев.

ya mimi gurew, ya dudu gurew.

ЯхIалълъ къо реххугеги, къуваталълъ некь реххугеги.

ya\a: qo re{ugegi, quwata: nep re{ugegi.

ЯхIги рухIги – бащадаб жо.

ya\gi ru\gi - ba&adab $o.

ЯхI-намус гьечIев нусго бечедассдасса намус бугев цо мискинчиго лълъикI.

ya\-namus hezew nusgo bexedaSdaSa namus bugew co miskinxi :ij.

Яццалълъул ракI – ваццгун, ваццассул ракI – рохьоб.

yaCa:ul raj - waCgun, waCaSul raj - ro%ob.

Ячеян дуда гьардезе ккогеги, ячIаян мун гьардезе ккогеги.

yaxeyan duda harde#e Kogegi, yazayan mun harde#egi Kogegi.

ЯчинегIан «эбелхвад», ячун ххадуй «мунгохвад».

yaxinefan «ebel[wad», yaxun {aduy «mungo[wad».

Ячудасса нусалълъ вакьадассде дадайилан абулебила, дагьаб ххадуб дандамадилан абулебила.

yaxudaSa nusa: wapadaSde dadayilan abulebila, dahab {adub dandamadilan abulebila.

Ячун щваралдасса ячIун щварай лълъикIила.

yaxun &waraldaSa yazun &waray :ijila.

Ячунги ячуней лълъади, ячIунги ячуней лълъади.

yaxungi yaxuney :adi, yazungi yaxuney :adi.

Ячуней мекълъугеги, ячIуней тIекълъугеги.

yaxuney meq;ugegi, yazuney Teq;ugegi.

ЯчIунелълъул – «далалай», дун толелълъул – «вабабай».

yazune:ul – «dalalay», dun tole:ul – «wababay».

bottom of page