﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ВАЦЦГИ ЯЦЦГИ
ВукӀанила вукӀинчӏила цо росулӏ бечедав чи. Лъимер-бетӀер гьечӀолъи гурони, цогидаб жоялълъул рахъалълъ гьессие щибго къварилъи букӀинчӏила. Жиндир лъимер гьечӀолъи гьессда кидаго рекӀелӏ къан букӀунаанила.
- БоцӀцӏи-рикъзини кьун бугоан Аллагьасс дие, гьанже цо лъимерги кьолебани, цӀакъ лълъикӀ букӀинаан, дун хун ххадуб дир боцӀцӏи кквезе, - ян абулаанила гьесс кидаго чӀчӏужуялда.
Цо сордоялълъ, макьуги бачӀунарого, къоялълъ даран-базар гьабун, щвараб гӀарацги ццебе бан, пикрабазда вукӀанила гьев.
- ГьадигӀан гӀемер боцӀцӏи-рикъзиго кьечӀого, Аллагьасс дие цо лъимер кьун букӀарабани, гьебго бокьилаан дие, квине, ретӀине жоялълъе гӀамал диццаго гьабилаан, - илан абунила гьесс чӀчӏужуялда.
ГьедигӀан ургъел ккун мун тезе бегьиларо, рачӀа дицца дуе цо чӀчӏужугӀаги ячинин, щиб лъалеб, гьелълъниги дуе лъимер гьабизеги бегьулаян абунила чӀчӏужуялълъ гьессда.
Дуда гьедин ракӀалде ккелеб лъан букӀарабани, дицца гьеб рагӀи дуда абизего абилароанилан, кӀанцӀун тӀадеги вахъун, росс жиндирго бусада веганила.
Гьанже чӀчӏужу лӏугьанила Аллагьассда гьардезе:
БетӀергьан Аллагь! Дур ссундуего хӀалкӀолъи буго, гурхӀахха Мун нижеда, бегьулеб батани, цо лъимер нижееги кье, - ян. Гӏемераб меххалълъ гьедин дугӏа-алхӏам гьабулейги йикӀун, гьейги кканила кьижун.
Гьеб сордоялълъ чӀчӏужуялда гьадинаб макьу бихьанила: гьей йигила ралъдал рагӀалда гӀодой чӀчӏун. Цо заманалда, кӀалдиб ккун цо кӀудияб гъамассгун, ралъдалӏа къватӀибе баккун бачӀанила кӀудияб ччугӀа. Гьелълъ гьей гӀаданалда абунила: «Дуцца дурго россассда абе Аллагьасс доссие битӀараб сайигъат бугин гьаб, метер ралъдал рагӀалдеги вачӀун, гьаб нахъе босе», — ян. Макьилӏго гьей екеранила гьенисса рокъое, россассда гьеб ччугӀицца абураб жо бицуней йикӀанила, росс вукӀанила гьелълъ бицунеб жо бичӏчӀуларого. Цо заманалда макьидаса ворчӀанила росс, цо тамашаго чӀчӏужути йихьун, гьесс гьелда гьикъанила:
- Дуе щиб? Мун цо тамашаго йиго гури, - ян.
- Диени расги гьечӀо, дуе лӏугьараб щиб, вихха-ххочун ккун вуго гури мун, - ан абунила гьелълъ.
- Дуцца тункидал, ворчӀана дун макьидасса, - ян абунила россасс.
Гьебмеххалда чӀчӏужуялълъ россассда бицанила жиндаго бихьараб макьу. ЛълъикӀалълъе батагиянги абун, гьел нахъеги реганила, рогьинегӀанги чӀчӏужуялде тӀокӀаб макьу бачӀинчӀила.
Рогьараб меххалълъ, чӀчӏужуялълъ абунила россассда:
- Вилълъа, гъарин, цо ралъдал рагӀалде ваккизе а, щиб лъалеб, нолӏ дида бихьараб макьу улъун ккезеги бегьула гури, - ян.
- Мун гӀадаллъунищ йигей, макьилӏ бихьараб щинаб жоялда божизе ккани.
Лъимер кьезе бокьани, нилӏее Аллагьасс гьадингоги кьезе бегьула, - ян чӀчӏанила росс.
Кинго чӏчӏужу тӏасса йичӏичӏила, аххиралдаги вахъун росс анила гьелда макьилӏ бихьараб ралъдал рагӀалде. Ралъдал рагӀалдеги щун, гьев дове-гьаниве ссверссвелев вукӀанила. Цо заманалдассан балагьанила, цо кӀудияб гъамасс бугила ралъдал карачалаз босун рагӀалде бачӀунеб. Унго, Аллагь, гьаб карачелаз босун бачӀунеб жо щибдаян вукӀанила гьев пикраби гьарулев. Цо заманалдассан гъамасс рагӀалде реххун бачӀанила.
Вилълъун асскӀовегун, балагьанила гьев, бугила щула гьабураб, чанго бакӀалдассан кваразги бухьараб кӀудияб гъамасс.
- Унго-унгоги нолӏ дир чӀчӏужуялда бихьараб макьу битӀун кколебцин гурищ бугеб? — анги абун, ричӏун кваралгун, гъанссида жаниве вакканила гьев - бугилахха меседил горо гӀадаб кӀиго гьитӀинаб лъимер: цо вас, цо яс. Гьел лъимал ратараб меххалълъ, гьев кутакалда вохханила. Жиндаго тӀасса бахъун, ххалгӀатги гьезда жемун, кодор гьел лъималги ккун, вилълъанила гьев рокъове.
КӀиго гьитӀинаб лъимерги бачун, росс вачӀараб меххалълъ, чӀчӏужуги цӀакъго йохханила.
- Бихьулищ дир макьу битӀун ккараб куц, - ан абупила гьелълъ.
Лъималаздасса роххун, иргадал кодоре рачунаго, цо заманалдассан гьел гӀодизе лӏугьанила. Гьебмеххалда чӀчӏужуялъ абунила:
- Нилӏее гьал рокьарал гӀоларо, гьал хахизеги ккола. Кьун мухьгун, гьал лъимал хахизаризе цо чӀчӏужу кквезе ккола нилӏецца, гурони гьал ракъуцца хвезе руго. Валлагь, битӀараб бугилан россассги абунила.
Гӏемер гъийинго бихьичӏого, гьезда мадугьалихъго ятанила лъимер хварай цо мискинай гӀадан. Гьелълъулгун къотӀи-къайги гьабун, гьел лъимал хахизе гьелълъухъе кьунила. Гьелълъие гӀураб гӀарацги, ретӀел-хьитги цогидабги кьезе тӀадеги босанила.
Гьенир лъималги тун, гьанже нилӏ рилълъинин гьел гьенире кисса ккаралали цӀеххезе.
Цо пуланаб шагьаралда вукӀун вуго гьединго лъимер-бетӀер гьечӀев цо ххан. Жиндирго чӀчӏужуялълъ лъимер гьабуларого букӀун, гьесс кӀиабилейги чӀчӏужу ячун йиго. Гъоркь йикӀарай чӀчӏужуялълъе гьей махӀниги йокьулей йикӀун гьечӀо. Рес рекъани, гьей тӀагӀинайизе хӀадурай йикӀун йиго. Росс къватӀиве араб меххалълъ, гъоркь йикӀарай чӀчӏужуялълъ тӀаде ячарай квешго юххулей, кьабулей йикӀун йиго, гьейги, щибго россассдаги бицинчӀого, гӀенеккун чӀчӏолей йикӀанила.
Цо заманалдассан гьей, тӀаде ячарай чӀчӏужу лъимер гьабизе унтун лӏугьун йиго, россги рокъов вукӀун гьечӀо. ГьебсагӀаталда гъоркь йикӀарай чӀчӏужу йортун йиго мадугьалихъ йикӀарай цо рекъай къоролалълъухъе, гьелдаги абунила:
- Гьагъаб хъахӀбацца лъимер гьабизехъин буго. Нагагь вас гьавуни, гьев нижер бугеб-гьечӀеб боцӀцӏул бетӀергьанлъунги вахъуна, гьединго россасс дун йиччан, гъоб лъимадул эбел хьихьун тезегицин бегьула. Дуцца абунагӀан гӀарац-месед кьела дицца дуе, гьагъаб лъимер гьабигун, тӀагӀинабулеб куц къваригӀун буго, ян.
- Дуда гьелълъул ургъел ккоге, гьеб дие цӀакъ бигьаяб жо, - ян абунила рекъай къоролалълъ. Рекъай къоролайги гьейги рилълъанила рокъоре.
- Гьалехха дуе кумекалълъе чӏарахъан ячун ячӀана дун, - ан абупила горкь йикӀарай чӀчӏужуялълъ лъимер гьабизе егарай чӀчӏужуялда.
Рекъай къоролай лълъикӀалълъе ячӀун гьечӀейлъи лъан, гьей йихьизего бокьун букӀинчӀила гьей пакъиралълъе, кинниги, чара къосиналълъ, разилъанила. Цо заманалдассан гьелълъ меседил гарал гӀадал васги ясги гьарунила.
ГьебсагӀат чӀарахъаналълъ цо кӀудияб гъанссида жанир гьелги лъунила, лъималазул эбелалда гъоркье хвараб борохьги рехханила. Гьеб кинабго гьелда бихьанила, щибгоги жо абичӀила. Гьеб гъамассги, ахӀун цо-кӀиго бихьинчигун, рокьосса къватӀибе босун анила. Гьеле гьей рекъай къоролалълъ ралъдалӏе реххизарурал лъимал руго дов чияссда ралъдал рагӀалда ратаралги.
Гьанже вачӀанила росс рокъове. Гъикъанила гьесс:
- ЧӀчӏужу унтун тун йикӀана, васищ гьелълъ гьавурав, ясищ? - ан.
- Валлагь, нижер кӀудияв, кигӀан дудасса нечаниги, баххчун щиб гьабилеб, дур гьагъай чӀчӏужуялълъ хвараб борохь гьабуна, - ян абунила хханассда рекъай къоролалълъ.
Хханассул кутакалда ццин бахъанила, гьеб къоялълъго рокъосса къватӀие гъунила гъол лъималазул эбел.
Дир къисмат гьадинаб букӀун батилиланги абун, гьей пакъирги йилълъанила гьенисса нахъе. ГӀодилаго, чӏвадилаго уней-уней йикӀанила гьей мугӀрул тун, щобал тун. Бакъги тӀерхьанила, дунялги бецІцӏлъизе лӏугьанила, ссвакан тату хунги йикӀун, гьей ясалълъ хӀукму гьабунила цо ссанагӀатаб гӀадинаб бакӀалда сордо базе. Авлахъалда цо гъветӀги батун, яхъун гьеб гъотӀодегун, гӀодой чӀчӏанила гьей.
РогьинегӀан гьелда макьуги щвечила, ракӀалдасса лъималги инчӀила. ХъахІлъи реххарабго, гъотӀодасса гӀодоеги рещтӀун, нахъеги йилълъанила. ЦӀакъ якъунги йикӀанила гьей. Цо заманалдассан гьей щванила, кваназе гӀиги биччан, гӀияда ццеве чӀчӏун вугев вехьассда асскӀое. Хъахӏаб мегежалълъул херав чи вугоанила гьев.
Йилълъине рухІги тӀагӀунеб букӀун, гьелълъ хӀукму гьабунила вехьассда дагьаб квен гьаризе. Вехьассда асскӀое щвейгун, гьелълъ абунила:
- КӀудияв чи, цӀакъ якъунги йиго, квине жогӀаги гьечӀебищ духъ? - ан.
Вехьасс, къвачӀиниссаги бахъун, ясалълъе квине квен кьунила, ххадуб гьелдаги гьикъанила:
- Мун кисса, гьаниб дуцца балагьулеб щиб? - ан.
Ясалълъ жиндир ккараб щинаб жо бицанила вехьассда. Вехь гьелда цІакъ гурхӀанила, жиндирго рокъоеги ячанила. Рокъор гьессул чӀчӏужуги кӀиго лъимерги рукӀанила: цояв вас, цояй яс. Вехьасс хъизамалълъаги бицанила гьелълъ жиндаго бицараб ххабар. Вехьасги чӀчӏужуялълъги гьей яс жидерго яслъун гьаюнила.
ЛълъикӀалан мехх банила ясалълъ вехьассул бакӀалда, гьелълъие гьениб камураб жоги букӀинчӀила. Кин бугониги гьей цӀакъ пашман йикӀанила, жиндирго кӀиябго лъимер ракӀалдасса араб мехх букӀунароанила гьелълъул. Щибаб сордойил гӀадин, кьижараб меххалълъ, макьилӏ рихьулаанила гьелда жиндирго васги ясги. Радал яхъараб меххалълъ, гӀемерай гӀодулаанила гьей...
Дол лъимал рукӀанила рахь рекӀарал кьагӀи гӀадин, бокьараб кун, бокьараб ретӀун, кӀудиял гӀун рачӀунел.
Ххассго вас цӏакъ рухІ бугев чи лӏугъунев вукӀанила. Цо къоялълъ къотӏнор расандилаго, гьессухъа цо вас гӀоданила, гьебмеххалда досс гьессда гьадин рогьо банила:
- Вилълъа ццевесса, къватӀулӏа жо, дунгун вагъичӏого, мун дурго эбел-эмен ралагьизе щай унарев, гьедиган цӀакъав чи? - ян.
Васассда гьеб рагӀи цӀакъ рекӀеда унтанила, пашмангоги рокьове вилълъанила. Вас пашманго вихьун, эбелалълъ гьикъанила:
- Дуе щиб, дир вас, мун жакъа цӀакъ пашман вуго гури, - ян.
Васасс гьелда бицанила жинда мадугьалассул васасс бараб рогьо,
- Гьеб жо кӀудияб гьересси буго, воре, мун гьелда божуге, - ян абунила гъолълъ гьессда. Васги дагьав гӀодове виччан лӏугьанила.
Гьеб сордоялълъни къасси васассдаги ясалдаги - кӀияздаго макьилӏ бихьанила жидер эбел йигеб вехьассул рукъ, жидерго эбел, эбелалълъ макьилӏ гьезда бицанила ккараб щинаб жоги.
Радал ворчӀаравго, ваццас яццалда бицанила жинда бихьараб макьу, яццалълъги бицанила гьебго макьу жиндаги бихьанилан. Гьебмеххалда васассда бичІчӀанила жинда лъималаз бараб рогьо гьересси гуреблъи, инссуда асскӀовеги ун, гьессдаги яццалдаги бицанила жиндагоги нолӏ бихьараб макьу.
Гьебмеххалда инссуцца гьессда абунила:
- Валлагь, дир вас, нужер эбел-эмен щалали дида лъаларо, дидани нуж ралъдал рагӀалда кӀудияб гъанссида жанир ратана, - ян. Гьеб рагӏарабго, васассги ясалълъги бетӀералдасса рас бетӀанила.
- Нижер эбел чӀаго йиго, дой вехьассул доя йиго, нижилан абуни гьанир щибго лъаларого, квана-гьекъон, кепалда руго! - ян ахІданила гьел.
Россассулги чӀчӏужуялълъулги рес къотӀанила. Берцинаб мацІцӏ бицун, лъималазул ракӀ батизабизе лӏугьанила гьел, гьелдассани щибго жо ккечӀила. Васасс абунила:
- Валлагь, цо лахӏзаталълъги чӀчӏеларо дун гьанив, дирго эбел ялагьичӀого,- ян.
Жиндирго яццги танила гьесс гьел чагӀазда асскӀой, живги вахъанила къватӀиве, я дун хвела, ялъуни эбел ялагьилилан, щулияб къотӀигун.
Макьилӏ эбелалълъ малълъун букӀанила васассда жий йигеб бакӀалде вачӀине кколеб куцги нухги. Гьединлъидал вас, кивниги чӀчӏечӀого, кваначӀого, гьекъечӀого, эбел ятизеги йихьизеги бугеб гӀишкъуялълъ ссвак лъачӀого, уневго унев вукӀанила. Цо мугӀрул щобал ругеб бакӀалдассан къотӀун унаго, гьессда данде бачӀанила анкьго бетӀер бугеб аздагьо. Гьев вас дагьав хӀинкъарав гӀадин лӏугьанила, щайин абуни гьессда киданиги аздагьо бихьун букӀинчӀила. Гьеб гуребги, рокъосса къватӀиве вахъунаго, гьесс щибниги ярагъ цадахъ босунги букӀунаро.
Щибдай гьанже гьабилаян вукӀаго, гьессда хьолбохъ цо кӀудияб гамачӏ батанила. Босун гьеб гамачӏ речӀчӀанила васасс аздагьоялълъул ботӏролӏ. Аздагьо бугелълъуб гӀодоб кканила. Гьелълъ васассде ахӀанила:
- Мун бихьинчи ватани, цоги речӀчӀе дида, - ян.
Васасс абула:
- Эбелалълъ дун цо гьавун вуго, цо речӏчӏараб дуеги гӀела, - ян.
Аздагьо бугелълъуб ккун хванила, васги жиндирго нухалълъ анила. Гьедин унаго, вас щванила доб сордоялълъ жиндир эбелалълъ сордо бараб гъотӀода гъоркье. Ссваканги вукӀун, вас цо дагьаб заманалълъ гьенив гӀебеде чІванила. Цо заманалдасса гьессда рагӀанила мугӀрул риххулеб гӀадаб гӀассияб гьаракь, балагьанила гьав бачӀине бихьанила жинцца чІваралдассаги кӀудияб аздагьо. КӀалдиссан цӏа бугила гьелълъул бурулеб, ццунтур гӀадин багӀарлъун берал ругила, хӀур бахъун бачӀинеб бугила. Гьеб букӀанила доб чІвараб аздагьоялълъул кӀудияб бацц. Жиндир бацц чӏвараблъиги лъан, тушман валагьизеян бахъун букӀанила гьеб къватӀибе. Гьев вас вихьараб меххалълъ, аздагьоялълъ ахӀанила:
- Дир бацц чІварав тушман мун вукӀине ккола, гьанже бихьила гури дицца дуе гьабулеб жо, - ян.
Ххурхханила аздагьоги васги цоцалълъ. Ккун боххгун, бетӏералдассан ссверизабун, гӀодоб кьабунила васасс аздагьо.
- Дир рухІ бахъарасс дир ххазинаги босе, - ян гьаракьги гьабун, хӀалалълъ хъурщун, аздагьо анила жиндирго рукӏнибе. Ххадув васги вилълъанила. Балагьанила, бугила гъваридаб цо нохъо, гӀодоре рещтӀунеб цо малиги бугила. Вилълъанила вас молодасса гӀодовеги рещтӀун, ругила цо чӀухӀарал кӀалгӀаби, щивниги чияссул сасги гьечила. Довеххун валагьанила, гьанивеххун валагьанила, цо нуцӏцӏа бихьанила. Рагьун нуцӀцӏагун, вакканила жаниве, йигилахха цо берцинай яс. Йихьигун, гьей ясалълъухъ рокьи кканила гьессул. Гьев вихьигун, ясалълъулги кканила рокьи. Аздагьо чІвараблъиги лъачӀого, гьей ясалде кӀудияб ургъел кканила гьессул. Нагагь жал гъолда рихьани, кӀиялго чӏвалин гъолълъан йикӀанила гьей.
- Ле, гӀолохъанчи, мун гьаниве кисса ккарав? Гьаб буго аздагьабазул хханассул кӀалгӀа. Мун гьанив ватани, гъолълъ мун чІвала, - ян абунила гьелълъ.
- Гьебги гьелълъул баццги - кӀиябго чІван реххараб дицца, Дуда гьелълъул ургъел ккоге, мун дунгун цадахъ йилълъине хӀадурлъе, ян абунила васасс гьелда.
Гьес бицараб жоялда цин божуларогоги йикӀанила гьей, нахъа гьев васассул рагъа-рачариялдасса гьелда бичІчӀанила гьесс бицунеб жо битӀараб букӀин.
- Йилълъа дурго ххеххльи гьабун, дун гӀедегӀун вуго, дир цоги иш буго, - ян абунила гьесс.
Гьедин бугони, нилӏецца гьаниса гӀарац-меседгӏаги босун лълъикӀ. Гьаб малгӀуналълъул гьаниб цӀакъ бечедаб ххазина буго, - ян абунила гьелълъ.
Ццее ясги ххадув васги рилълъанила кӀалгӀабахъ тира-ссверизе. КӀикъого рукъ цӀураб жавгьар, якъут, гӀарац, месед батанила аздагьоялълъул ххазинадул. Васасс ясалда нахъеги абунила:
Дир ххирияй гьудул, дун цӀакъ гӀедегӀун вуго, дир цоги кІвар бугеб иш буго, гьединлъидал гьаб ххазина босизе нилӏ нахъруссуда рачӀина, гьабсагӀаталълъ нилӏ нухда рахъине ккола, - ян.
Рилълъаххаянги абун, гьел кӀиялго гьенисса къватӏире лӏугьанила, нухдаги рахъанила. ЛълъикӀаланго рилълъараб меххалълъ, гьезда цо басриябго рукъ батанила нухда. ГьебсагӀат васассда ракӀалде щванила жинда бихьараб макьуги, гьеб рукъги жиндир эбел жаний йигеб вехьассул рукъ букӀин лъанила.
- Гьале гьаний жаний йиго дир эбел, ан ясалдаги абун, васасс нуцӀцӏида кӀутӀанила.
Гьеб заманалда гьессул эбел ретӀел чурулей йикӀанила. НуцӀцӏида кӀутӀулеб рагӀарабго, йортун ун, гьелълъ нуцӏцӏа рагьанила. Жаниве лӏугьаравго, васассда жиндирго эбел лъанила, эбелалда васги лъанила. Гьел гӀодилаго, цоцал ххурхханила. лълъикӀалан меххалълъ рагӀи абизе кӀоларого ххутӏанила. ГьебсагӀат вехьассул чӀчӏужуги лъималги рачӀанила тӀаде.
Гьез ххабар-кӀалалде байбихьанила, иргадал эбелалълъги васассги жиде-жидер ккараб, лӏугьараб бицанила.
Къасси рокъове вехьги вачӀанила, гьессдаги бицанила ккараб-тараб.
Радал гьев вас, вехьассул кинабго хъизан-агьлуги, жиндирго эбелги, гъой ясги цадахъ рачун, къватӀиве вахъанила аздагьоялълъул ххазина бугеб бакӀалде. Щибниги жо горкь течӀого, гьенисса тӀолго ххазинаги босанила гьез, гьаказда, чуязда, хӀамузда лъун, жалгоги рилълъанила гъов васги ясги хьихьун гӀезарурав чияссул бакӀалде ралагьун. Цо чанго къо нухдаги бан, гьел рокъоре щванила.
Рукъалълъул агьлуго данде бахъун, кӀудияб роххел гьабунила, ххассго цӀакъ йохханила гъой яс, жиндир эбел ятиялдасса. Эбелги ясги лълъикӀалан меххалълъ цоцалълъ ххурххун, гӀода-чІвадулелги рукӀанила.
Васги, ясги, эбелги цоцазда ратиялдасса роххун, гьел лъимал хьихьун рукӀарал чагӀаз кӀудияб бертин, квана-гьекьей гьабунила, гӀадамалги ахӀун. Гьенибго гьев васасce дой, аздагьоялда асскӀой ятарай ясги ячанила, васассул яццги вехьассул васасcе кьунила, вехьассул ясги, цо лълъикӀав васги ватун, гьессие кьунила. Анкьицца квана-гьекъей, ссухІмат-кеп букӀанила.
Гьанже, ахӀа-тарал чагӀи рокъо-рокъоре араб меххалълъ, гьел лъимал хьихьун вукӀарав чиясс, жиндир бугеб боцӀцӏул цӏцӏикІкӀарассебги кьун, гьев васги ясги жиндирго лъималлъун гьарунила. Гьезул эбелги, жиндирго яццлъун гьаюн, боцӀцӏи-рикъзиги йикӀине лълъикӀаб рукъги кьун танила.