﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
КЕТУГИ ЦІИРКЪГИ
Рукъалълъул цогидал хӀайваналгун цадахъ азбаралдасса къватӀибеги кӀанцӀун, лълъилалиго цо Кету букӀанила добе бортун, гьанибе бортун, рохьил талаялда басандилеб. Гьеб заманалда рохьоссан унеб букӀараб Цӏиркъалда бихьанила гьеб Кету. ЦӀакъ гӀажаиблъи гьабунила ЦӀиркъалълъ, Катихъги балагьун, чӀчӏезеги чӀчӏун, гьелда гьикъанила:
- ВахІ, бацако, балагьараб меххалълъ, мунги нижерго туххумалълъул бугилан ккола, гьедигӀанго гьитӀинаб щайхха мун бугеб, лага-черххго кӀодолъун гьечӀогури дур?
Жинда гӀемер гӀакъуба-къварилъи бихьараб ххвелги гьабун, Катицца абунила:
- Унго дуцца щибдай гьабилаан, инсанассда асскӀоб гӀумру гьабизе нижее бугеб къварилъи, захІмалъи лъани? - ян.
- Мун гьедигӀанго къварид гьабулев чи щив? Вихьизавея цо дида гьев, мун къварид гьавулев чи, дицца гьессул цӀцӏоко бахъила, - ян абунила ЦӀиркъалълъ.
Гьенив гӀагардаго жиндирго хур бекьулев вукӀарав цо чияссда асскӀобеги билълъун, гьав чи вугилан вихьизавунила Катицца.
- Ле, чи, гьадигӀан къварид щай дуцца гьаб дир бацако гьабулеб? Гьалълъ дуе гьабураб заралго щиб бугеб, лага-черххго кӀодолъулеб гьечӀин гьалълъул дур зулму-хӀалалълъ? ГьабсагӀаталда дицца дур цӀцӏоко бахъила, дуцца гьалълъие гьабураб зулму-хӀалалълъе гӀоло. ХӀадурлъе дурго дунгун вагъизе, - ян абунила ЦӀиркъалълъ хур бекьулев вукӀарассда.
Гьев чияссда бичӏчӀанила тӀаде бачӏараб балагь, гьессги цо хӀила ургъанила. Гьесс абунила:
- Вагъизеяли дун хӀадур вугоан, диццани дирго гуч рокъоб тун букӀанахха. Векерун рокъовеги ун, дун гьебги босун вачӀинин, цинги рагъила нилӏ, - ан.
- ЛълъикӀ буго, а, дун духъ балагьун чӀчӏела, - ян абунила ЦӀиркъалълъ.
- Нагагь дуцца гуккулев ватани, щиб лълъикӀ, чӀалгӀаде рокъове дунги векеризавун, мун, дун вачӀинегӀан чӀчӏечӏого, цо рахъалълъа гӀебеде инеги бегьула. РачӀа, дун рокьосса дирго гуч босун вачӀинегӀан, дицца мун гьаб гъотӀода бухьун тезин. Цинги, дун вачӀаравго, нилӏ кӀиялго рагъила, - ян абуна чиясс.
ЛълъикӀ бугилан, разилъанила ЦӀиркъ. Биццатаб кварицца гьесс щула гьабун цо кӀудияб гъотӀода Цӏиркъги бухьанила. АсскӀобго бугеб рохьосса лълъикӀаб тӀилги къотӀун вачӀун, гьале доб дир гучиланги абун, ЦӀиркъ буххизе лӏугьанила гьев.
Зобалазде рагӀулел гьаркьал гьарун, ахІдолеб, чӀичӀилеб букӀанила тату хвараб ЦӀиркъ. ГӀодоб ккезегӀанги буххун, гьебмеххалда бичун биччанила гьесс ЦӀиркъ, цинги абунила:
- Гьанже а дуего бокъаралълъубе, цинги дур иш гуреб жоялда гьоркьобе мун лӏугъани, гьаб жакъа ккараб гӀадаб жо дуе кидаго кколеблъиги кӀочонгехха, - ян.
ХӀалалълъ тӀадеги бахъун, лӏутун унеб ЦӀиркъалда бихьанила добегӀан цо ссанда чӀчӏун Кету, гьелълъги Катида абунила:
- Валлагь, бацако, мун унго-унгояб хӀалчӀахъад букӀун буго: радал-бакъанида гьагъал тӀилал дудаги щолел ратани, гьедигӀанаб мун гӀейгицин тамаша буго, - ян.