﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
БИХЬАРАБ ЩИНАБ БИЦИНЕ ККОЛАРО
Цо улкаялда вукӀун вуго цӀакъ бечедав ххан. Гьессул бетӀералда букӀун буго буртӀинкилищ гӀанассеб лӏар. Гьеб лӏар гьессда жиндагоги гьессул мегеж-бетӀер кӀкІвалев цо ххассав чияссдаги гурони нахъиязда лъалеб букӀун гьечӀо. Цо заманалдассан хун вуго гьессул мегеж-бетӀер кӀкІвалев чи. Гьебмеххалда хханассде кӀудияб ургъел ккун буго. Мегеж-бетӀер кӀкІвазе цоги цӀцӏодорав гӀадав чи валагьун вуго гьесс. Хханасс гьессда абун буго:
- Дуе дицца гӀурабгӀан гӀарацги кьела, вукӀине лълъикӏаб рукъги кьела, дуцани гьаб дир бетӀералда бугеб лӏар цоги чияссда бицани, дицца мун чІвазе вуго, - ян.
Гьев чиясс рагӀи кьун буго лълъиданиги гьеб балъголъи къватӀиб жинцца бицинарилан. Гьеб къоялдассани нахъе гьеб мегеж-бетӀер кӀкІвалев чи лъалаго тӀад вакъвазе лӏугьун вуго. Гьессие бокьун буго лълъида букӀаниги хханассул бетӀералда лӏар букӀин бицине. Бицани, чІвалин абураб жоялдассаги хӀинкъун, бицинчӀого яхІ гьабизеги кӀоларого, тату хун вукӀун вуго гьев чи.
Аххиралдаги гьев цо къоялда магъилӏе къватӀиве вахъун вуго, цо бахараб муцӀцӏи бугеб бакӀалде жанивеги ун, гьев чиясс лъабго нухалда гьадин абун буго жинццаго жиндаго: «Нилӏер хханассул бетӀералда буртӀинкилищ гӀанассеб лӏар буго», — ян. Гьебмеххалда гьев чи цо унти тӀасса араб гӀадин лӏугьун вуго, цинги тӀадвуссун рокъове вачӀун вуго.
Гьеб муцӏцӏи бугеб бакӏалда ссверухъ гӀи кваназабулев вукӀун вуго цо вехь. ЧӀалгӀунги вукӀун, гьев вехьасс, муцӀцӏидулӏа къотӀун, жиндиего цо лалу гьабун буго, гьебги пузе байбихьун вуго. Кинаб бакъан лалуялдасса бачаниги, гьелълъ абизе лӏугъун буго: «Нилӏер хханассул ботІрода буртӀинкилищ гӀанаб лӏар буго», - ян. Вехьасс гьелда цӀакъ гӀажаиблъи гьабун буго. Ссверухъ ругел гӀадамаздаги рагӀун буго гьеб ххабар.
Аххиралда гьеб ххабар живго хханассдаги рагӀун буго. Хханассул кутакалда ццин бахъун буго, цинги жиндирго мегеж-бетІер кІкІвалев чиги асскӀове ахӀун, гьессда лъазабун буго:
- Дуцца дир суалалълъе гьересси бицани, дицца мун чӏвазе вуго. БитӀараб бицани, рахІму гьабун, тезеги бегьула. Дуцца дида бице дир бетӀералда лӏар бугилан дуцца лълъиданиги абунищ, абичӀищ? - ан.
Хханассе гьесс жаваб кьун буго:
- Дур бетӀерчӀахъад, дуцца цӀакъго кьваризабун, къватӀиб бицани, чӀвалин абун, лъазабун букӀинчӀебани, дур бетӀералда лӏар букӀиналълъул дицца цо гьедигӀан кІвар габичӀого тезеги бегьулаан. Дуццани, лълъидаго бицунгеян, кӀудияб хӀинкъиги кьун, лъазабуралдасса ххадуб, дида битӀахъе унти ккана. Аххиралдаги, тату хварав чи дун цо къоялълъ магъилӏе ана, цинги бахараб муцӀцӏи бугеб бакӀалде жанивеги лӏугьун, лъабго нухалда бигьа гьабун диццаго дидаго абуна дур бетӀералда лӏар бугилан, - ан.
Ххалкъалда жиндир балъголъиги тӀатиндал, битӀахъе мукӀурлъун гьев чияссги бициндал, хханасс гьев чІвачӏого тун вуго.