top of page

ГЬОБО БАЛЕЛ

Цо нухалълъ жиндирго къваригӀелалълъ мадугьалихъ бугеб росулӏе унев вукӀарав ГӀалида жаниб лълъимго гьечӀеб кӀкӀалахъ гьобо балел гӀадамал ратун руго. Гьезие саламги кьечӀого, довеххунги вуссун, гьезда ццевесса гӀебеде унев вукӀанила ГӀали. Аххиралда ватарав чиясс, чӀчӏезеги гьавун, ГӀалида гьикъун буго:

- ГӀали! Щай дуцца нижее салам кьечӀеб, цинги квербакагиян абичӀеб? - ан.

- Дицца нужее, ахӀун гьаракьгун, салам кьуна, нужерго гьабихъе чваххулеб лълъадал хъуялълъни рагӀизе течӀо гьеб, - ан жаваб кьун буго гьесс.

bottom of page