top of page

ЦАРАДА МОЦӏЦӏ БИХЬИ

Чанахъанасс цо кьурул ракьанда гудур гъун букӏанила. Гудраде тӏаде жо бачине, кьурулӏ кӏудияб магӏги чӏван, гьанги бан букӏанила. Гудрада хӏетӏе чӏчӏечӏого, гьанаде тӏаде ине рес букӏинчӏила.

Цер, жого гьечӏого, кьурда магӏги чӏван, гьан балареблъиги, гьелда ццебе гудур батилеблъиги лъан, балагьун чӏчӏун букӏанила. Цӏакъ гьанаде ххиялги лъун букӏанила. Букӏаниги, гьанадасса рухӏ ххира гьабунила. Жибго гьанги танила, билълъанила.

Цер ссверссвелеб, хьвархьвалеб букӏанила. Бацӏ данде кканила. Огь, кӏал кквечӏеб, ссанагӏат бугеб меххалълъ батулареб, жакъа битӏун кӏал ккураб къоялълъ батараб гьанилан гаргаданила. Дицца ккун гьечӏо гури кӏалан, Бацӏил цӏакъ гъира бахъанила. Гьеб дида бихьизабеян, бачун Цергун билълъанила. Долеян, гьанги бихьизабун, Цер нахъегӏан чӏчӏанила.

Бакъараб Бацӏ гъирадулӏ тӏаде анила. Гудраде хӏатӏал щун рахъинелде, Бацӏил гьакӏкӏараб кӏал гьанаде щванила. Нахъасса хӏатӏалги гудрацца ккун, гьеб, гьаракьги гьабун, чехьатӏе рехханила. Гьан, чӏвархъан босун, Царада ццебе речӏчӏанила. Бацӏ чӏабар ххачалеб букӏанила, Цер гьанада кӏутӏулеб букӏанила.

Бацӏицца Царада, вахӏ, мун кӏал ккун бугилан гурищ букӏарабан, гьикъанила. Дида гьанже моцӏцӏ бихьанилан, Цараццаги абунила.

bottom of page