﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
УРГЪЕЛ ГІЕМЕРАВ ЧИ
ВукӀанила вукӀинчӀила цӀакъ ургъел гӀемерав, росулӏ кколеб щинаб жоялълъул пикраби гьарун, габур тӀеренлъарав цо чи. Цо нухалълъ гьессда рагӀун буго цо лълъилалиго хӀамицца гӀундулги рачІчӏги гьечӀеб кӀерт габунилан. «Вай, пулан, вай, пулан!» абун пашманлъанилахха гьев чи, битӀахъе кӀудияб балагь бачӀараб гӀадин.
- Щай мун пашманлъулев? - ан гьикъанила гьессда мадугьаласс. - ХӀамие гьедин лълъикӀ букӀина гури; гӀемериссеб гӀундузда, рачӀчӏалда гурищ хьвагӀараб хьоп щолеб, гьанже рачІчӏги гӀундулги гьечӀеб гьелда дагьго гурони кьабиларо.
- ХӀамида гуро дир ракӀ гурхӀун бугеб, хӀамил бетӀергьанассда, - ян, - абунила гьев чиясс. - Гьа, ина гъов гьирихъ, бала цӀцӏад, багъарила хӀарщ, хӀарщулӏ къала хӀама. Цинги кквезе рачІчӏги гӀундулги гьечӀони, кин гъосс хӀама тӀаде бахъинабилеб? Вай, пакъир!