
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
К k
-
Каву къасси рахай, гъамасс кидаго рахай.
-
Каву кIудиялълъуве гьардухъан валагьулев, рукъ бечедалълъуе яс ялагьулей.
-
Каву тезегIан – тIехх, тIох тезегIан –карщ.
-
Кагътида хъвачIеб гIелму – лълъадада хъвараб накъищ.
-
КагIбаялълъул тIохда рещтIарал чIчIегIерал гъудул рихьулев, жиндаго ццебе бугеб пулавалда гъоркь кишмиш бихьуларев.
Аваристаналълъул ххан ГIумахханассул Баххухъе ХIамщаралдасса вакилзаби рачIун рукIун руго.
Гара-чIвариялда рукIаго, вакилзабазул цоясс берал къанщун руго, ссородизе лIугьун вуго, ццере квералги ккун, дугIа гьабизе лIугьун вуго.
Щибин ккараб, щайин рахIат хварабан цIеххедал, гьесс абун буго: жив вугила балъголъи лъалев, кигIан рикIкIада бугониги, лIугьунеб - толеб жо бихьулев чи. Дагьаб ццебе КагIбарукъалълъул тIохда чIчIегIерал гъудул рещтIанила. Гьеб бихьидал, сири банила жиндир черххалда.
Къажаразул мурад букIун буго: гара-чIвари гьабулаго, щибниги жидедасса балъго гьабуни, гьеб тIатинчIого ххутIуларилан хханалълъул гIакълучагIи хIинкъизаризе.
Гьеб бичIчIарав Баххубикал цо гIакълучиясс гьев гьадин къватIив чIвазавун вуго. Гьалбадерида ццебе квен лъелалде, гьесс богогьанассда лъазабун буго: «балъголъи лъалессда» ццебе пулав кишмишги гъорлIе ккезабун лъейила, цогидазда ццебе тIаде ккезабун лъейилан.
Байбихьанила кваназе. «Балъголъи лъалев», цин жиндирго гъадриниве валагьун, цин гьалмагъзабазул гъудрухъе валагьун, рахIат хун лIугьанила. Ххадуб, гьалълъие гIила щибин, жиндие щайин кишмиш лъечIебан ццидахханила.
ВахIин, дора КагIбаялълъул тIохда рещтIарал чIчIегIерал гъудул рихьулев дуда берда ццебе бугеб хъахIаб пулавалда гъоркь бугеб кишмиш бихьуларебищан абунила гьессда хханассул гIакълучиясс.
Чара хванила «балъголъи лъалессул».
-
КагIитIа гьабураб гьойтIаги гьабулебила.
-
Как ахIунилан сордо рогьинаро.
-
Какун гIака бичулареб.
-
Калам дагьлъи беццараб, рекIеда нур балеб жо,
ГIемер кIалъай какараб, каранлI пардав лъолеб жо.
-
Каламалда жаниб бищунго нахъегIанаб жо – гьересси, гьерссазда гьоркьобги цIакъго хъубаб жо – мацIцI гьаби.
-
Каламалълъул гьуинлъи – кIалъазе лъай.
-
Камал камураб каратI букIунареб, жонсокъ камураб къайи букIунареб.
-
Камиллъидал моцIцIги тIасса бекулеб.
-
Канлъи гьечIони, рагIадги букIунареб.
-
Капек камун, шагьи босуларо, шагьи камун, гъурущ босуларо.
-
Капурчияссеги гьабугеги чияр жо бикъулеб лъимер.
-
КаралI чIван, хIохьолI чIван.
-
Каранццайин МухIума реххарав.
-
КартIинибе квер бегьани, гIонкIкIоццаги хIанчIулеб.
-
Карщ бакъвалъизегIан рущи щваларей, тIехх лълъамалъизегIан лълъим тIоларей.
-
Карщни лълъикIаб бугоан, чи гIемер гьечIевани.
ЧIчIужуялълъ карщ гьабун буго ва россассда гьикъун буго карщ лълъикIаб бугищилан.
- Карщни лълъикIаб бугоан, – ан абун буго россасс, – чи гIемер гьечIевани.
- Мунги дунги гурони, анив батIияв чи гьечIо гури! – ян чIчIужу тамашалъун ххутIараб меххалълъ, къарумав россасс гьелда абун буго:
- Гьедин гурохха дие къваригIун букIараб, хьагги дунги рукIине къваригIун букIана.
- ЦIакъ лълъикI ккун буго! Гьанже рукIа хьагги мунгоги! – ян чIчIужуялълъ ххазабун буго.
-
Катида ххадуб ракI хванилан гIоди – гIонкIкIолги гьересси, нуцалчияссда ххадуб ракI хванилан аби – мискинчияссулги гьересси.
-
Катида ццебе моххмохх тоге, гIун ххадуй рокъой ясги тоге.
-
Катие – бертин, гIонкIкIое – балагь.
-
Катие – гажи, гIонкIкIое – хвел.
-
Катие – маххссаро, гIонкIкIое – гажи.
-
Катил туххум – цойила.
Авараз гьаб кици гIунтIизабула цо гъазигъумекиссессде. Гьессие катицца кIудияб зарал гьабун букIарабила. Цинги гьессги, катил туххум цо бугилан, киб батарабги кето буххулеб букIарабила. (Кици тIамула «Квешал умумуз гьабураб гурони, лъималазги щиб гьабилеб!» абураб магIнаялда).
-
Катикьа хIинкъун, къватIибе бахъинчIеб гIункIкI картIинибго хварабила.
-
Кваназе бокьараб меххалълъ катицца жиндирго тIинчI рахъдалI чIва-чIварабила.
-
Кваназе кIваги, гьекъезе кIваги.
-
Кваназе лъачIони, хIалакълъула, хIалтIизе лъачIони, мискинлъула.
-
Кваназе чадихъ чармабич, чIамизе сокъсохъ чIахъенбич.
-
Кваназеги ретIинеги лълъидаго лъалеб, букIинабизегийин лъазе кколеб.
-
Кваназежо гьечIого гурелила гьоболлъухъ унел.
-
Кванай вакъидал, рокьи гIолохъанго гьабе.
-
Кванай кьарияв, хIалтIи хIалакъав.
-
Кваналаго кIалдиб къачIони, къулчIулаго щокъроб къалеб.
-
Кваналареб хIамицца ХIоццомегIер бегулареб.
-
Кваналарищан абураб жо – кванагеян абураб жо, гьекъеларищан абураб жо – гьекъогеян абураб жо.
-
Кваналев, гьекъолев, бокьанщинаб гьабулев чи гуро саххаватав чи; «саххаватав чи» вуго, кваназе, гьекъезе кIвечIого, чияе боцIцIи данде гьабулев чи.
-
Кваналел ратани, кванай, хIалтIулел ратани, хIалтIе.
-
Кваналел таги, гьекъолел таги, тIассан рорчIугеги.
-
Кваналареб баси басандулареб.
-
Кванан бахъарабдай, нахъе тарабдай?
-
Кванан рахъараб меххалълъ, рукъ чиярлъулеб.
-
Кванан гIорцIцIуларев чIчIикIунги гIорцIцIиларо.
-
Кванараб хIарччинибе хIацIцIу туге.
-
КваначIого, гьекъечIого вакъизеги вукIунге; гIемер кванан, гIемер гьекъон, къаличехьги гьабуге.
-
КваначIого хIалтIани, черхх нахъе кколеб, хIалтIичIого кванани, рукъ нахъе кколеб.
-
КваначIого хIалтIуге, хIалтIичIого кванаге.
-
Кванда квешабилан абизе бегьуларебила.
-
Кванил гурони мацIцI лъаларев кванил багьаяв вукIунарев.
-
Кванил тIагIам хварассе ххарбил кеп букIунареб.
-
Кванда чIухIуларев хIалтIудаги чIухIуларев.
-
Кванцца – кьер, макьицца – гьан.
-
Квар ххалатаб лълъикIаб, ххабар къокъаб лълъикIаб.
-
Кварабги гьекъарабги – нилIер, кваначIого, гьекъечIого тараб – чияр.
-
Кваралълъ – эххеде, ххуралълъ – гIебеде.
-
Кваранаб квералълъ кьураб квегIалда лъазе биччагейила.
-
Кваркьи-милъир гьечIони, цIцIудуцца чан чIваларо.
-
КвартIа кьабичIого, кьекIкIел къваригIарав къадахъан – къо бихьичIого, мухь къваригIарав ххадучи.
-
КвартIицца гIуж лъунилан, гIарцул къимат холаро.
-
Квасуе гIоло гьой къунцIулареб.
-
Квасул куналълъ зоб кквеларо, зулмучиясс ракь кквеларо.
-
Квасул куналда ххураб ххородул къвали гIадаб жо.
-
Квасул кунгIан тIеренлъулебила диналълъул габур, бугъелгIан биццалъулебила.
-
КватIарассе кьей гьечIеб, кьижарассе тей гьечIеб.
-
КватIун бекьараб хур лълъикI бачIараблъи лъималазда бицунге.
-
Квачан цо рас бортиялдасса ххинлъун мегеж хIулиго лълъикI. (Квачан цо рас бортизегIан, ххинлъун цIцIоко хIулиго бокьилилан абулебила царацца).
-
Квачан чIухIиялдасса ххинлъун чIухIи лълъикIаб.
-
Квачараб рии ххинаб ххаселалдасса ххинабила.
-
Квен вакъидал квинегIан те, дару унти чIвараб сагIат гьабе.
-
Квен гьабизе жо тIагIараб меххалълъ, жибги бичеян абурабила хьагицца.
-
Квен лълъикIаб гьоболгун цадахъ квараб, гьобол лълъикIав божизе бегьулев.
-
Квен ригьда кванай, как гIужда бай.
-
Квен те, ххиял букIаго, калам те, гьуин букIаго.
-
Квен тIагIамалдассан лъалеб, устар тIагIалидассан лъалев
-
Квен цIеххон, гьобол вачIунарев.
-
Квен - къелалълъул гьудуллъи къо ккедал батуларо.
-
Квен-тIехх рекъезабуни, дару къваригIунареб, гIакълуялда хьвадани, нухда мекъи кколарев.
-
КвенчIчIелалде хъублъи гьабунилан лъимер гIодобе реххулареб.
-
Квер багъаричIони, кIал багъаруларо.
-
Квер кIобокIунилан килищ бортулареб.
-
Квер ракул цIечIони, кIал нахул цIолареб.
-
Кверазда хIур хъваларев хIалтIухъан вукIунарев.
-
Кверазе хIалтIи – рекIее рахIат.
-
Кверзул маххссара гьабуни, черххалълъул хIал лъала, кIалзул маххссара гьабуни, рекIел хIал лъала.
-
Кверал къокъ, мацIцI ххалат.
-
Кверал меседилай, рукъи гIарцулай.
-
Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо.
-
Кверал хIалтIула, бетIералълъ малълъула.
-
Кверал чIахъад, маххщел гьечI.
-
Кверазда килщалги ращадал рукIунаро.
-
Квералълъ бичизеги кIолареб, кIалалълъ бичизеги бегьулареб.
-
Квералълъ бичизеги хIацIихьараб, кIалалълъ бичизеги ракул цIураб.
-
Квералълъ гьабураб – рукъалълъе, кIалалълъ бицараб – гIакълуялълъе.
-
Квералълъ кьураб хIетIалълъ балагьизе ккола.
-
Кверзул маххссараги гьабуге, кколареб бакIалда рагIиги бицунге.
-
Квеш ккелилан ккараб ригьин лълъикIги кколебила, лълъикI ккелилан ккараб квешги кколебила.
-
Квеш хIалтIарассул – хIамицца, хIал барассул – гьакицца.
-
Квешаб бугилан квералдасса килищ къотIулареб.
-
Квешаб гьецIо квешаб гьецIоялда рекъолеб, квешав чи квешав чияссда рекъолев.
-
Квешаб гьойцца хъублъи гьатIнибги гьабулебила.
-
Квешаб жо гIемер буго, бищунго квешазул цояб мискинлъиги буго.
-
Квешаб зазида лълъикIаб тIегь бижизеги бегьулеб, лълъикIаб гъотIода квешаб пихъ бижизеги бегьулеб.
-
Квешаб матIуялда жаниссан лълъикIаб жоги квешаблъун бихьулеб.
-
Квешаб нухдассан рещтIунилан хварав цониги вихьичIо, рекIун хварав гIемер вихьана.
-
Квешаб ракь букIунаребила, квешал бетIергьаби гьечIони.
-
Квешаб тезе тавпикъ кьеги, лълъикIаб кквезе гIакълу кьеги.
-
Квешаб ххабар рагIугеги, гьанал гьоко бачIунгеги.
-
Квешаб хIама хIалтIулI къинлъула.
-
Квешабги лълъикIабги гIамал жиндирго рокъоссанила.
-
КвешабгIан ххабар ххеххго тIибитIун унеб.
-
Квешав васасс инссул цIцIар хвезабула.
-
Квешав васассдасса лълъикIав дурццго лълъикI.
-
Квешав васассдасса лълъикIай ясго лълъикIила.
-
Квешав гьудул гьавуге, лълъикIав тушман гьавуге.
-
Квешав россасс чIчIужу щакдарулилан абулеб, квешай чIчIужуялълъ росс щакдарулилан абулеб. (Росс щакдарулилан – чIчIужу, жив хIакъдарулилан – росс).
-
Квешав чи бусен борлIун вилълъизегIан чIаго ххутIулевила.
-
Квешав чи лъаларо, чараб гьой лъаларо.
-
Квешав чи нухдаги данде ккогеги.
-
Квешав чи – рагIуе, хвараб чIорто – нацIцIие.
-
Квешав чиясс рагIул магIна квешаб рахъалде цIцIалеб, лълъикIав чиясс лълъикIаб рахъалде цIцIалеб.
-
Квешав чияссда битIарабщинаб жо тIекъаблъун бихьулеб.
-
Квешав чияссда гьардейги гьорода бадибе кIурщиги – цого жо.
-
Квешав чияссе лълъикIаб бицинегIан, лълъикIав чияссе наку чIвай лълъикIаб.
-
Квешав чияссе хIелиги хIамие икрам гьабиги – цого жо.
-
Квешав чияссул баракат гьечIолъи ралъдалI бугеб ччугIиеги щолебила.
-
Квешавги лълъикIавги цого къаникьила лъолев.
-
Квешавгун данделъани, квешлъаби тIагIунаро.
-
Квешай лълъадиялда данде чIварав чи – квешаб бакIалдасса хъабарча бихъарав чи.
-
Квешай чIчIужуялълъ росс ххер гьавула, квешал лъималаз кIиялго ххер гьарула.
-
Квешал чагIи чIвазе кколилан абидал, бищунго квешасс хханжар къватIибе цIцIарабила.
-
Квешалги лълъикIлъула, лълъикIалин тани; лълъикIалги квешлъула, квешаб цIцIар чIвани.
-
Квешалълъе мутIигIассда хIакъаб жо бичIчIуларо.
-
Квешасс эбел-инссул ирсалълъул бицуна, лълъикIасс гьезул гIаданлъиялълъул бицуна.
-
Квешассе вагIза гьабе, калам берцинаб бицун, лълъикIлъиялда тIовитIе, битIараб нухги малълъун.
-
Квешассулгун гьудуллъиялдасса лълъикIассулгун дагIба-рагIиго лълъикIила.
-
Квешлъи гьабурассул квешлъиги – жиндиего, лълъикIлъи гьабурассул лълъикIлъиги – жиндиего.
-
Квешлъи гьабуниги – дуего, лълъикIлъи гьабуниги – дуего.
-
Квешлъи – илбисалълъул амруялдассан, лълъикIлъи – Аллагьассул изнуялдассан.
-
Квешлъиги лълъикIлъиги цого рекIелIила букIунеб.
-
Квешлъиялда ххадуб лълъикIлъиги, лълъикIлъиялда ххадуб квешлъиги камуларебила.
-
Квешлъиялълъ лълъикIлъи гьабуларо, гважуцца кьегIер гьабуларо.
-
Квине кIолареб бечелъиялдассаги цIунаги, россассда кьили лъурай лълъадиялдассаги цIунаги.
-
КвинчIеб жоялълъул баркала букIунареб.
-
КвинчIониги, гьан кьарияб лълъикI, кьечIониги, мадугьал бечедав лълъикI.
-
КенчIероялълъ цIа бакун, цIецца мун ххинлъиларо.
-
Кепкил къимат гьабуларесс гъурщилги гьабулареб.
-
Кето гьечIеб бакIалда гIункIкIги – бахIарчи, цIцIум гьечIеб бакIалда чудукги – бахIарчи.
-
Кето гьечIеб гьороб хханлъи кIудагIонкIкIоцца гьабула.
-
Кето рихаразда гIункIкIаз къвал балеб.
-
Кето ругьун гьабуге цIцIогьодизе, цIцIуял жал ругьун гьаруге гьерссал рицине.
-
Кето хIалакъассеги, хIама кьарияссеги яс кьоге.
-
КечI берцинлъизе – бакъан, риба хIалаллъизе – хIила.
-
Кибалиго аздагьо къинлъун рагIулила.
-
Кибе аниги, хIамие – хIалтIи, хIамибокьове аниги, нуцалчияссе – бертин.
-
Кибе гъугъарабги – Гъуниб магIарде.
-
Кибе ун букIараб гьитIинаб? КIудияб балагьизейищ?
Кици буго «ГьитIинаб жо кIодо гьабуни, кIудияб нахъа цула» абураб кициялълъул цогидаб абулеб куц. Малълъулеб буго, гьитIинаб жоги кIодо гьабун, кIудиял балагьал тIаде цIцIагеян.
-
Кибе цер аниги – ххадуб рачIчI, киве ххан аниги – ххадуб нагIана.
-
Киве аниги – ххадув, хабалIеги – цадахъ.
-
КигIан бечедав вугониги, муруват гьечIев чи мискинчияссдасса гIодовегIанав.
-
КигIан битIарабниги, мунго дуццаго веццуге.
-
КигIан гIадалавниги, гIебеде нух бокьила, кигIанго гьагавниги, гьакил шагьра бокьила.
-
КигIан гIемераб цIцIад баниги, цIцIвакараб тIалда ххер бижуларо.
-
КигIан жиб битIаниги, жиндир каратI битIуларилан абулебила борхьиццаги.
Борхьиде гIунтIизабулеб гьаб кици хIалтIизабула цIакъго ритIунилан гьарурал хIалтIаби данде рилълъинчIеб, ялъуни, витIун живгоги вукIаго, жиндир иш мекъсса рикIкIараб меххалълъ.
-
КигIан къойилахха пакъир бацIида бихьун батилеб, азарго гIиялъажоялда гьоркьоб чохIоцца хвараб дир чахъу балагьулаго.
Ххунхахъ вукIанила Суракъатилан цIцIар бугев цIакъ кIал пасихIав, аваданав мискинчи. Гьединлъидал ххунздерил нуцал ГIалихъиличицца гьев жиндиего рекIелгъеялълъе ххабар-кIалалълъе ахIулаанила.
ГIалихъилич цIакъ гIи-боцIцIи гIемерав чи вукIанила.
Ххасалихъе гIи хъутаналде гочунеб заман букIанила. Суракъатицца ГIалихъиличида гьаранила гьессул гIияда цадахъ жиндир цо чахъуги бачине бегьиларищилан. Валлагьин, дур цо чахъдацца кванан жиндир хъутанги лIугIиларин, гьелълъие гIоло цоги вехьги тезе ккеларин, бачинилан абунила ГIалихъиличицца.
Щванила тIаде ихги, гочанила магIарухъе ГIалихъиличил гIиги. Воххун вукIанила Суракъат: хъутаналдасса кьаралъун жиндир чахъуги бачIун батилин, гьелда ххадуб кIигониги кьегIерги батилилан.
Щванилахха ав жиндирго боцIцIи рокъобе бачине. Валагьин, дир гьудул, дур чахъу бацIицца чIван батанилан зигара банила нуцалицца Суракъатида.
- Гьеб пакъир бацIида дир кутакалда ракI гурхIулеб буго! – ян абунила мискинчиясс.
- ЧIвараб чахъдада гурхIичIого, чахъуги чIван, кепалда бугеб бацIидагIаги щай дур ракI гурхIулеб? – ан гIажаиблъи гьабунила нуцалицца.
- КигIан къохха гьеб пакъир бацIида бихьун батилеб, азарго гIиялъажоялда гьоркьоб чохIоцца хвараб дир чахъу балагьулаго! – ян жаваб кьунила Суракъатицца.
-
КигIан кьогIабги битIараб, кигIан гьуинабги гьерессиялдасса лълъикIабила.
-
КигIан лълъикI хьихьаниги, бацI рохьобе балагьулебила.
-
КигIан лIулIаниги, тIухьиялълъ къотIулареб.
-
КигIан мимиданиги, мун дир кето гуро, кIудияб алхIам цIцIаланиги, дицца дуе жо реххуларо.
-
КигIан рекIараб букIаниги, ххвалчацца жиндирго лъел къотIулареб.
-
КигIан рекIараб гьечIониги, нус буго нус; кигIан лебалав гьечIониги, бихьинчи вуго бихьинчи.
-
КигIан роцIцIараб къоялълъги зобгъугъанцIцIад рокьоялълъ рикIкIад букIунаребила.
-
КигIан ххалатаб букIаниги, цо расул квар лIугьунаребила.
-
Кидаго бахIараб жо ракIила, кидаго хIасратаб жо хьулила.
-
Кидаго вехь – гванзаб чодул бетIергьан.
-
Кидаго гуребила ролIул чед букIунеб; цо-цониги тIохьтIоххинкIги кваназе кколебила.
-
Кидаго гьетIараб гъветI гьанже цIцIан битIиларо.
-
Кидаго дагIбадулев гIабдал гурони вукIунарев.
-
Кидаго лIугIулареб жо – как, кидаго гIорцIцIулареб жо – ралъад.
-
Кидаго хвеларел гIадин дуниялги гьабейила, метерго хвелел гIадин динги гьабейила.
-
Кидаго хIакимлъун чи ххутIуларев, кидаго роцIцIухъе зоб букIунареб.
-
Кидаго хΙалимлъиги хΙалихьалъийила.
-
Кидаго ццебе лъураб цIцIел гIадлъулареб, цо нухалълъ ццебе лъуни, чахъдал гIадлъулеб.
-
Кидаго чияда ваччунги вукIунге, цо-цониги дандеявги вачче.
-
Кидадай дун херлъила, бахIараб меххалълъ диццаго гьарурал гьунарал рицине.
-
Кидадай лъимал гIелаян эбел-эмен, кидадай гьел хвелаян лъимал.
-
Килщида рекъараб баргъич, рекIеда рекъарав вокьулев.
-
Кин бицаниги, гьересси бицалълъ рекъоларебила.
-
– Кин лъараб, кIудияв чи?
– Бихьун лъана, дир вас, бихьун лъана! -
Кинаб бугониги, ВатIан буго ВатIан.
-
Кинаб букIаниги щибин батIияб жойилан, эбелалълъ лъималазе «кьилиххинкIал» гьаруралила.
-
Кинабго балагьалълъул бетIер – гьекъел, кинабго лълъикIлъиялълъул бетIер – рекъел.
-
Кинабго балагьалъул бетIер – гIакълу гьечIолъи, гIакълу гьечIолъиялълъул бетIер – гIамал кIодолъи.
-
Кинабго бацIилги – цого гIамал, кинавго хханассулги – цого гIамал.
-
Кинабго гъотIода пихъ бижуларо, кинавго чияссул чи лIугьунаро.
-
Кинабго гъотIода чIор кIанцIулареб, кинабго чIоралълъул гъветI лIугьунареб.
-
Кинабго гIайиб цого чияссда букIунареб, дагьабниги дандеяссдаги батизе бегьулеб.
-
Кинабго жо дурго натIицца борцунге.
-
Кинабго жо, цохIо Аллагьассда гурони, лъалареб.
-
Кинабго нухда ккола, бищунго квешаб жо буго жагьиллъиги чIухIиги.
-
Кинабго оцода гуребила рекIелI ракьа букIунеб.
-
Кинабго рахъ рекъарав гьудул валагьизе лIугьани, гьудулго гьечIого ххутIизе бегьулевила.
-
Кинабго хъабидасса жаниб бугеб жоялълъул махI букIунеб.
-
Кинабго чол гуреб юргъа букIунеб, кинабго гьой гуреб чанил букIунеб.
-
Кинабгоги балагь – мацIцIалълъул, кидагоги балагь – мацIцIалълъул.
-
Кинабгоги лъалев – лъараб жоги гьечIев, кинабгоги бихьарав – бихьараб жоги гьечIев.
-
Кинавго имам Шамил-имам гIадав вахъинчIев, кинавго бахIарчи ХIажимурад гIадав лIугьинчIев.
-
Кинавго чи цого кIалалълъ кIалъала, бицунебги гьабулебги батIи-батIияб букIуна.
-
Кинавго чияссе жаваб кьезе кколареб.
-
Киназго гьикъулила лълъим гьекъеларищан; лълъиццаниги гьикъуларила квен кваналарищан.
-
Киназго пунани, гьури лIугьуна.
-
Киназдего бачIараб жо – байрам, цояссде бачIараб жо – балагь.
-
Киналго алжаналълъуре ани, жужахI чIобого ххутIилагури?
-
Киналго беццалълъуб – берал къанще, киналго рекъалълъуб – мунги рекълълъе.
-
Киналго гIадамал гурелила лълъикIал рукIунел: цо-цоял гьабиги рукIунел, цо-цоял гьвел рачIчIалги рукIунел.
-
Киналго гIайибазе гIила сониссеб буго.
-
Киналго гIамалал данде ккун гурейила чIчIужу ячуней, цо берцин бихьараб гIамалалълъухъ рокьи ккунила ячуней.
-
Киналго мурадал тIуран, дове щивниги инчIевила.
-
Киналго тIад рекъолеб къанун букIунаребила.
-
Киналго херлъула, лъималаз малълъ босичIел ххеххго херлъула.
-
Киналдего квер ххапарассе цонигияб щолареб.
-
Кири бокьанани, хIежалде а.
-
Кисса катие бахъухъ?
-
Кисса щварабали лъалареб боцIцIи, кибе арабали лъачIого, тIагIунеб.
-
Кисса-кибего бакъ радал баккула.
-
Киссан гирарабги гьорчо – кIкIалахъе.
-
Кисинибе нух гьечIев, гьекъолеб жоялълъул гурони, мацIцI лъаларев.
-
Кици бокьаги, рокьи цIцIикIкIаги.
-
Кици гIемерассул гIакълу дурусаб, дунял бихьарассул хьвади дурусаб.
-
Кици лъалессул – лъай камилаб, квер устарассул – иш камилаб.
-
Кици ххирияссул ххабар гьуинаб, гьобол ххирияссул ххинкI гьуинаб.
-
Кодоб кватIани, болъонил цIцIоко цIцIеллъун бихьулебила.
-
Кодоб кквезе гIоркь гуреб, гIодоб лъезе тIину гуреб.
-
Кодобе кьураб рукIкIен тIад гьабун босараб маргъалалдасса лълъикIаб (Кодобе щваралда жо релълъунареб).
-
Колол – гьой цIцIодораб, росдал – чи цIцIодорав.
-
Колол гьойда хIапизе лъалареб.
-
Кодосса инчIого, къимат лъалареб бахIарлъи, тIаде щвечIого квешлъи лъалареб херлъи.
-
Корохъ гьабизе – яс, гьабихъе йитIизе – нус.
-
КочIохъан – берталълъе, дибир – къулгьудалълъе.
-
Куй белъунеб хьагиниб оц гьунареб.
-
Куй хъун, кIалъазаюрай, оц хъун, юцIцIинаюрай.
-
Кумек гьабе хIажатассе, хIурмат цIуне хварассулги.
-
Кумек гьабизе кIолеб гьечIони, заралгIаги гьабичIого тейила.
-
Кун ххутIараб катие реххуларев, бацIида ццебе куй толев.
-
Куракул гъветI лъималазе чIчIейила, генугъветI лъималазул лъималазе чIчIейила.
-
Куркьбал гьечIеб хIинчIчI гуребила, ВатIан гьечIев чи гуревила.
-
Куркьбал рижани, хIинчIчI бусада чIчIолареб.
-
Кусил гIакълу къаденахъе биххулеб. (Кусилгун даран къаденахъе гьабе).
-
Кутул гьечIеб гьорор гIункIкIал расандулел.
-
Куц берцинай йигилан ясалълъе къимат кьоге, гIамал берцинай яче, намус цIунарай яче.
-
Куц гьоцIцIо гьабулессул гьечIо, гьоцIцIо чIчIикIулессул буго.
-
Куц квешаб жоялълъул гIамалги квешаб.
-
Куцалда божуге, гIамалалда божа.
-
Куцалда релълъарабила гIамалги букIунеб.
-
Куцанщинав чияссул чи лIугьунарев, квегъанщинаб чодул чу лIугьунареб.
-
КучIдузулI реххсарай, ххарбалI бицарай.