top of page

Цц C

  1. Ццебе бекьарассул хур кIудияб, ххадуб бекьарассул ссан кIудияб.

  2. Ццебе кIал биххарав кIалъан къола.

  3. Ццебе лъураб кванида щибго кIалъай гьабуге.

  4. Ццебе рукIкIен бахъун, ххадуб кун бахъун.

  5. Ццебе цIа гьечIони, нахъа рахъу кколареб.

  6. Ццебе цIакъаб чиярлъаги, нахъа цIакъаб нилIерлъаги.

  7. Ццебессеб ццебе гьабе, ххадуссеб ххадуб гьабе.

  8. Ццебеккунго ургъарав нахъа воххула, ригьда нахърател гьабичIев нахъа пашманлъула.

  9. ЦцебетIамалълъе тIил бигъараб, витIунчияссе росу хвараб.

  10. Ццебехъанлъун гъеду тани, рещтIен рощногохIда гьабулебила.

  11. Ццеве валагьун, вилълъа, нахъе валагьун, гьури биччай.

  12. Ццеве вугессул хIетIе хъущтIани, нахъияв цIцIодорлъула.

  13. Ццеве къвакIуге, нахъа чучуге.

  14. Ццеве кIанцIани, гIадалI щола, нахъа чIчIани, гъванщилI щола.

  15. Ццеве хварав мискинчи ххадув вукъула, ххадув хварав бечедав ццеве вукъула.

  16. Ццевесса инчIого, чияссул къимат лъаларо.

  17. Ццевехъан живго ццеве унев чи гуревила, цогидалги цадахъ рачунев чийила.

  18. Ццее – Ххалун, ххадув – ГIабас.

  19. Ццидадассан – ццин, цIадудассан – цIа.

  20. Ццидал къали гьекъечIесс бакъул кеп босуларо.

  21. Ццидал къали гьекъечIесс инссул росу кколаро.

  22. Ццидалав чи жанисса махIцаравила вукIунев.

  23. Ццидалассе роххел гьечIеб, баххилассе гьудул гьечIев.

  24. Ццидацца гIакълу инабулеб, ургъалицца квен тезабулеб.

  25. Ццидацца лълъикIаб жо гьабуларебила.

  26. Ццин бахъарав воххичIо, ххеххлъарав разилъичIо.

  27. Ццин бахъарав чияссда канлъи бихьулареб.

  28. Ццин бахъарай якьад цIарагI чуризе йиччаге.

  29. Ццин бахъиналълъ гIакълу унеб, гIамал кIодолъиялълъ къадру холеб.

  30. Ццин бахъун реххараб гьан гьойццаги кваналареб.

  31. Ццин бугеб цIцIодораб жо, къурассде гурони бахъунареб.

  32. Ццин къулчIчIе, къурассда тIасса лIугьа.

  33. Ццин къулчIчIи буго бахIарчилъиялълъул гIаламат.

bottom of page