top of page

Церги Мокъокъги

 

Цо букӏанила, цо букӏинчӏила, Гӏанкӏкӏ цолотӏа букӏанила, Ци болъотӏа букӏанила, Гважи, Гӏисал гьабихъеги ун, магъкьал рищулеб букӏанила.

Роол гӏуж букӏанила, цӏакъ багӏарараб къоги букӏун, Цер цо ганчӏида гъоркь кьижун букӏанила. Бачӏун гьеб ганчӏида тӏад цо Мокъокъги рещтӏанила, цинги берцинал бакънал рачине лӏугьанила. Кӏудияб ганчӏил биццатаб рагӏдукь кьижун букӏараб Цер борчӏанила. Тӏаде бахъине бокьичӏого, добеххун буссанила, гьанибеххун буссанила, кинго Мокъокъицца макьу биччачӏила. Лълъикӏаб къо цониги бихьугегихха дудаян, тӏаде бахъанила, Мокъокъида ццебе гӏодобги букӏун, балагьун чӏчӏанила. Цинги Мокъокъида гьадин кӏалъанила:

  • Ялъачи, гьеб бакъан дуда, ралагьун бералгун, бачине кӏолеб жойищ, къанщунги бачине кӏолеб жойищ? – ан.

  • Балагьунги къанщунги – элълъул батӏалъи щиб? – ан Мокъокъицца Цер гӏад-ххочӏалълъе гьабунила.

  • Тамашахха, батӏалъи букӏунареб батани, - ян, Царацца бетӏер хьвагӏанила.

  • Гьедин батани, бачинищхха, - ян, тӏир-тӏирун бералги къанщун, бакъаналде байбихьанила.

  • Къанщун дуцца гьеб тӏадеги лълъикӏ бачунеб буго, - ян, Цер асскӏобе гӏагарлъанила. Цойидассан тӏадеги кӏанцӏун, Царацца Мокъокъ кӏалдибе босанила.

Мокъокъида бичӏчӏанила жиб Царацца квеш маххссараде ккураблъи. Цо сабабгӏаги ккелародаян, царада гьадин абунила:

  • Унго, Цер, Дур хӏалихьалъи, гьадигӏан берщинаб дун гьедигӏан бигьаго кодобе щвараб меххалълъ, Аллагьассе щукругӏагийищхха гьабулареб! – ан.

Мокъокъил гьеб рагӏи битӏараб бугилан Цер, алхӏамдулиллагь, щукруян абулеб букӏанила. Парххан боржун Мокъокъ, дандбитӏараб цоги ганчӏида тӏадги чӏчӏун, Царае квешезего бакъан бачине лӏугьанила.

Ххадуб балагьун ххутӏун, Царацца абунила, кигӏан чара тӏагӏараб меххалълъцин кӏалъани, кӏал цӏцӏорогихха диран. Данде Мокъокъиццаги жаваб кьунила, кьижизе гӏащикълъараб меххалълъцин данде къани, чарчурал берал дирги рахъагиххаян.

bottom of page