top of page

ХЪАНТІИЯЛЪЛЪУЛ БАЛАГЬ

ЧІчӏегӀергъудузда гъорлӏ цо Гъеду букӀарабила цӀакъ хъантӀараб. Ссундассаго бер гӀорцӀцӏулароанила гьелълъул. Ихдал, цогидал хӀанчӀчӏазго гӀадин, тӀанчӀи рахъизе гьелълъги ханал гьарун руго. Гьелълъул гӀун буго лъабго хоно, гьелда гьел дагь рихьун руго. Гьеб бахъун буго къватӀибе, цоги хӀанчӀазул ханал рикъизе къассдалда.

ТӀасса Хъарчигъаги боржун ун, ххинлъилеб лъабго хоно батун буго гьелда. Гьелълъ гьел рикъун, жиндирго бусаде росун руго. Лълъикӏалан къояз ханазда тӀадги бегун, Гъадицца ханаздасса тӀанчӏи рахъун руго. Лъабго тӀинчӏ Гъадил, лъабгояб Хъарчигъадул букӀун буго. ТӀанчӀи кӀудиял гӀун руго, роржине къачӀалел рукӀун руго. Гьеб заманалда Хъарчигъадул тӀанчӀаз цин Гъадил тӀанчӀи кун руго, цинги ххадуб жибго Гъедуги кун буго.

]anTiya'ul balah

ZeferGuduRda Gor` co Gedu bujarabila vaq ]anTarab. SundaSago ber forVularoanila he'ul. i[dal, cogidal \anZazgo fadin, Tanzi ra]iRe he'gi [anal harun rugo. he'ul fun bugo ;abgo [ono, helda hel dah riFun rugo. heb ba]un bugo qwaTibe, cogi \anZaRul [anal riqiRe qaSdalda.

TaSa ]arxiGagi borDun un, {in;ileb ;abgo [ono batun bugo helda. he' hel riqun, Dindirgo busade rosun rugo. 'ijalan qoyaR [anaRda Tadgi begun, GadiCa [anaRdaSa Tanzi ra]un rugo. ;abgo Tinz Gadil, ;abgoyab ]arxiGadul bujun bugo. Tanzi judiyal fun rugo, rorDine qazalel rujun rugo. heb Ramanalda ]arxiGadul TanzaR cin Gadil Tanzi kun rugo, cingi {adub Dibgo Gedugi kun bugo.

bottom of page