top of page

РАЛЪДАЛ ЧУ

ВукӀанила, вукӀинчӀила цо пачахІ, пачахӀассул лъабго васги вукӀанила. Щибаб къоялълъ радал гьел инссуде тӀаде унаанила, щибдай гьесс абила, щибдай гьесс малълъилаян лъазе.

Цо къоялълъ тӀаде аралълъур, гьезда эмен ватанила накІкӏул парча тӀад бигъарав гӀадин, цӀакъ пашманго. «Дуе лӏугьараб щиб, рагӀараб квешаб ххабарищ, тӀаде гӀунтӀараб кудияб балагьищ, щиб дуе къварилъизе?» - ян гьикъанила гьез гьессда.

РагӀараб квешаб ххабарги гурин, тӀаде гӀунтӀараб кӀудияб балагьги гьечӀин, дун ургъалилӏе реххараб жо бугин араб къасси дида бихьараб макьуян абунила инссуцца. БитӀун ралъдалӏа къватӀибе бакъ баккулеб гӀужалълъ, бакъалда ххадуб ралъад рагӀалде цо гӀазухъахӀаб чу кӀанцӀанин, бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дунялги ссверун, гьеб нахъеги ралъдалӏе тӀерхьун анин, гьелда ххадуб ралъдал тӀиналде бортун араб гӀадин, дир ракІги лӏугьанин. Гьаб дир улкаялдасса, тӏолго дунялалдасса дир ракӀ анин, гьеб макьу бихьаралдасса нахъеян макьуги бицун, гӀенеккун чӀчӏанила пачахІ.

Гьеб чода ххадур ниж ина, я эб батун, я хун, кӀиялълъулго дояб лӏугьинчӀого ниж нахъруссинарин, рекӀанила лъабавго вас чода, цо-цо чу ххадуб цӀцӏанги бачанила, квине гьуинаб, босизе тӀутӀаб (бигьаяб) щинаб жоги тӀадкъан, кьабунила гьанже гьез.

Лъабабилеб къоялълъул къалъул гӀужалда гьел щванила нух лъабиде бикьулеб бакӀалде. Нухбикьуда чІван зани бугила, зонода хъван бугила: «Кваранаб нухалълъги, квегӏаб нухалълъги арассе щибго хӀинкъи гьечӀо, гьоркьохъеб нухалълъ арав я хвела, я, талихІ кьун, нахъвуссина», - ян.

КӀудияв вацц кваранаб нухалълъ валагьанила, гьоркьохъев квегӀалълъ валагьанила, гьитӀинасс битӀухъе бацӏанила.

Киве мун, хвел-рахъин лъалареб нухалълъ унев, нижер цояссда ххадув вилълъаян, ахІданила гьессде ваццал.

КІваричӀин, Бичасс хъвараб букӀине батилин, талихӏги гьорол къоялълъ хӀелкил рачІчӏ гӀадаб жойин, щиб лъалеб дидеххун хъвалебниги, а нужго, Бичассул цӀцӏобгун дун вуссинчӀони, лӏугьа-бахъараб инссудаги бицеян, жаваб кьунила гьитӀинасс.

ГӀемераб дагӀба-къецц ваццазги гьабичӀила, кьабун бухъизабун, гьевги анила.

Вилълъанила гьев, вилълъанила, гӀемерав вилълъанила, дагьав вилълъанила, къасси вилълъанила, къад вилълъанила, нилӏер мегӀер цо танила, чияр мегӀер кӀиго танила, гванзал рохьал къотӀанила, гъваридал кӀкӀалал тиранила, щванила гьев цо заманалдассан цӀакъ ризаб, гъамилараб, кидаго гӀощтӀол гьаракь рагӀичӀеб цо рохьове. Ссверданила гьев гьенив, анкьицца ссверданила, моцӀцӏицца ссверданила, кӀиго, лъабго, ункъо моцӀцӏицца ссверданила, я гӀадамассул лъалкӀ гурила, я гӀадамассул рукӀел гурила, я рохьосса къватӀибе нух гурила. Вакъанила гьев, къечанила, тӏад ретӏараб ретӀел хохонила, гъоркь рекӏараб чу хванила, яргъида кьаву чІванила, рухІалдасса хьул къотӀанила.

Гьеб хӀалалда вукӀаго, цо къоялълъ гьессда гӀадамассул цо лъалкӏ батанила. Натӏ гӀеблъуда бугила гьелълъул, лъабго натӀ ххалалъуда бугила, натӀиццаниги ракьулӏе унги бугила. «Хвани - хвезеги, вахъани вахъинеги», - ян абун, вилълъанила гьев лъалкӀда ххадув. РохьтӀагӀалиде щванила, балагьанила: цӀцӏанбитӀараб авлахъ бугила, авлахъ бакьулӏ зобалазде араб анкьго хъала бугила, хъулби ссверун маххул хьопалълъ хьухьараб чармил гарас (гӏер) бугила, гарас рикӀкӀун тӀад къазабун гӀадамассул бетӀерги бугила.

Щванила гьев рагьтӀе. Жаниве лӏугьанила: йигила гъассда гӀодойикӀун цо залимай, мокърукь тункулей гӀадай чӀчӏужугӀадан. Вортун ун, гьесс гьелълъул керен кӀалдиб чІванила.

- Мун дир васлъана гьанже, дун дур эбеллъана, гуревани, дицца гьадин гьавилаан, - инги абун, кӀихӀи тӀезеги тӀун, рохъдолӏги ччуччун, кӀкӀун биччан танила гьелълъ гъассда букӀараб кету. Цинги гьелълъ васассда гьикъанила:

- Мун щиб мухъалълъул чи, кисса вачӀарав, къваригӀел щиб? - ан.

Жиндирго къваригӀел букӀа, нухда лӏугьа-бахъараб букӀа - кинабго жо бацІцІад гьабун бицанила асс.

- Анкьго вас вугев дир, анкьавгоги нартав, щибаб къоялълъ чанаре хьвадула гьел, жакъаги ун руго, нахъруссине меххги щун буго гьезие. Мун гьаб цогъронивниги ваххчун вукӀа, гурони, вихьун ххадув гьез мун теларо, дур мурадлъун бугеб жо дицца гьезда гъикъила, цояссданиги лъачого ххутӀилареб батилин гьеб, - илан абунила хъартицца.

Цогъронив васги ваххчанила, рагьтӀа руруй бахъанила. РачӀанила нартал. Щивассул гъажалда лъун чинаридул гъветІ бугила, щибаб гъотӀода цо-цо чанаоцги бугила. РагьтӀе щвараб меххалълъ, гӀодор кьабун, тӀахьтӀи гӀадин, гъутӏби гъуранила гьез, хьаг лъеян эбелалдеги ахІданила. Гьаби гӀадин, ссентӀолаго, лӏугьанила анкьавго вас жаниве: «Гӏадамассул махІ буго, гӀадамассул махІ буго», - ян абулаго.

- Нуж тӀурунищ, гьаглъунищ, - ан семанила гьезде эбел, - кисса букӀунеб гьаниб гӀадамассул махІ, кир-кирниги ссвердулаго, нужедего бахун батила эб.

Белъун гьанги лъунила эбелалълъ гьазда ццебе, асскӀобго цо рукъ гӀанаб чӀагӀдал рагІги чӀчӏезабунила.

Кванан, гьекъон рахъараб меххалълъ, эбелалълъ гьезда гьикъанила:

- Ралъдалӏан къватӀибе бачӀунеб, бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дунял ссверулеб чу бугищ? - ан.

Анлӏавго кӀудияв нартав кӀалъачӀого чӀчӏанила. Бищун гьитӀинасс абунила:

- Бугеб, эбел, гьединаб чу, гьелълъул бетӀергьанчиги ралъдал тӀиналда вугев ралъдал пачахІ. Щибаб къоялълъ, ралъдалӏан бакъ баккулеб гӀужалълъ ракъдаде кӀанцӀула гьеб чу. Бер къанщизегӀан сагӀаталълъ лъабцӀцӏул дунялги ссверула гьелълъ, ралъад рагӀалда бугеб цо рахьдал хӀоринибги чвердон, салуда тӀад гебегахъдизеги гебегахъдула. Зобалазде гӀаркьалаби риччараб цо чинари бугеб, гьелда тӏогьиб гьеб чода лъолеб меседил кьилиги, гьелда балеб гӀарцул чолорхъоги бугеб, - ан.

- Гӏелин гьанже, кьижа, ссваканги ратилин, - ан абунила эбелалълъ васазда.

Веганила, кьижанила анкьавго нартав.

Гьелълъ гъов вас цогъронисса къватӀиве вачанила, ретӀине ретӀелги кьунила гьессие, рекӀине чуги кьунила, базе ярагъги кьунила, къваригӀараб щинаб жоги кьун, ралъдахъе нухги бихьизабун, анила валагьизавун. Эбелалда гьитӀинав нартасс доб чол ххабар бицунаго, кинабго жо гьессда рагӀун букӀанила.

Гьанже вилълъанила гьев, кьабанила, щванила ралъдал рагӀалде. РагӀалда цо гвенд бухъанила гьесс, гьениве лӏугъун, бер къанщичӀого, сордоги борчӀанила. Рогьалил хъахІльиги банила, ралъдалӏан къватӀибе бакъ баккулеб букӀанила, бакъалда ххадубго цун, ралъад рагӀалде чуги кӀанцӀанила. Бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дуниялги ссверун, рахьдал хӀоринибги чвердон, ралъдал рагӀалда салуда тӀад гебегахъдизе лӏугьанила гьеб.

Тирщун тӀадеги вахъун, борохь гӀадин жеманила вас гьелълъул горбода, лъабцӀцӏул хъахӀилаб зобалда тункуледухъ, эххеде кӀанцӀанила чу, лъабцӀцӏул гӀодоб речӀчӀун, чІчӏегІераб ракь ссородизабунила, кинго биччачӀила васасс ккураб габур.

- Бергьана мун дидасса, гьанже дун дурлана, дида кьилиги лъе, чӀолохъжоги бай, тӀад мунгоги рекӀа, - ян абунила чоцца.

ГъотӀодасса босун кьилиги лъунила гьелда гьесс, чӀолохъжоги банила, тӀад живгоги рекӀанила.

- Дуцца щиб малълъилеб гъанже, дицца щиб гъбилеб? - ян гъикъанила чоцца васассда.

- Ваче дун дир инссул улкаялде, - ян абунила васасс.

Боржунеб жоялълъул гӀадаб рилълъин бачанила чоцца. Рилълъанила гьел, рилълъанила, тӀерхьун бакъги анила, рукӀкӀанила, бецІцӏлъанила, лахІчӀчӏегІераб сордолъанила. ГьебсагӀаталълъ нахъеги гвангъун анила зоб-ракь.

Абго щиб, гӀаламат абун, ццеве валагьанила вас: цӀцӏанбитӀараб, балагьани, бер ссвакалеб авлахъ бугила, бакьулӏ кунчӀулеб цо жо бугила, жибго бакъуцца гӀадин гьел канлъи биччалеб бугила. Щванила гьел гьелде тӀаде бугила меседил хӀули.

- Босилищ дицца гьаб, босиларищ? - ан гьикъанила васасс чода.

- Босаниги, рекӀекълъизе вуго мун, босичӀониги ракӏ бухӀизе буго дур, ан абунила чоцца.

БосичӀониги, рекӀекълъулеб, босаниги ракӀ бухӀулеб гьеб босунго лълъикӀин абун, тӀогърода хӀулиги къазабун, вилълъанила гьев. Щванила цо шагьаралде.

Шагьар ссверун галан бугила, каваби къан ругила, жаниве лӏугьине дунялалда бакӀ гурила. Шагьаралълъул рагӀалда цо ицц батун, гьенив рештӀанила вас.

Чоцца гьессда абунила:

- Дуцца гьанже дун ххарда кваназе биччай. КъваригӀараб меххалълъ, гьаракь гьабе дуцца, анкьго мегӀер бегун добеххун бугониги, бер къанщизегӀан, дун дуда ццебе чӀчӏезе буго, - ян.

Биччанила гьес чу. Гъоркь тӀенкги тӀамун, къаданиб кьилиги лъун, тӀад буртинаги бан, тӀогъродасса бахъун, меседил хӀулиги кисиниб лъун, кьижанила гьев, гӀемераб меххалълъ кьижичӀев чи гӀадин.

Къад гӀадин, сордо гвангъун бихьидал, доб шагьаралълъул ххалкъ цӀакъ хӀинкъанила, пачахӀассухъе кӀанцӀанила, гьаб щиб гӀаламат абун. Гъездассаги цӀакъ живго пачахІги хӀинкъанила. Гьесс ссверун хъаравуллъи тӀамунила, рогьинегӀан кьижичӀила. Рогьараб меххалълъ, нусго чи витӀанила, рекӀа-рорчун, шагьар тун къватӀире.

Жеги ворчӀичӀого ватанила гьезда гьев вас. Тунка-гӀусун вахъинавунила, пачахӀассухъе вачанила.

- Мун щив, дур росу-ракь, кисса щварав, кинав чи мун? - ан гьикъанила пачахӀасс.

- Дидагоцин лъаларо дун киссаяли, гьадинго чӀалгӀаде дунял ссверулев чи вуго дун, ан абунила васасс.

- Гьаб араб сордоялълъ дунял гьададин гвангъиялълъе гӀила щибали лъалищ дуда, мун къватӀивги вукӀанин? - илан гьикъанила пачахӀасс.

- Гьелълъул гӀаламат гьаб буго, - ян абун, кисиниса бахъун, меседил хӀули кьунила гьесс пачахIассухъе.

ГӀадамасс бицун бажарулареб, дунял бижаралдасса кидаго гӀадамассул ккечӀеб гӀассияб рокьи кканила пачахӀассул доб хӀули тӀасса бортараб рухІчӀаголъиялълъухъ.

- Кисса балагьунги, гьаб хӀули тӀасса бортараб рухІчӀаголъи щвезабе дуцца дихъе, гурони, дицца дур бетӀер къотӀун реххила, - ян абунила пачахӀасс. Жиндие гьерессилъиларедухъ, эбелалълъул рахь хӀарам гьабун, гьедизеги гьавунила пачахӀасс гьев.

ГӀодобе бетӀерги къулизабун, вилълъанила вас. Шагьар тун къватӀиве щвараб меххалълъ, цо гӀассияб гьаракь гьабупила гьесс. Кисса бачӏарабали лъачӏого, ццебе чӀчӏанила хъахӀаб чу.

- Дур пашманлъи щиб, къваралъи щиб? - ан гьикъанила чоцца васассда.

Гьессги бицанила пачахӀассулгун лӏугьа-бахъараб жо.

- Расги къварилъуге мун, гьелдасса бигьаяб нилӏее щиб букӀунеб. Гъоб дун жаниб чвердараб хӀор лъалищ дуда? Ралъдал пачахӀассул лъабго яс йиго, щибаб къоялълъ къалъуде бакъ бахараб гӀужалълъ, маккаллъун рахъун рачун, рагӀалда жидерго макказул тӀомалги тӀасса рахъун, гъоб хӀоринир чвердола гъол. Бищун гьитӀиналдасса бортараб хӀули буго гъоб нилӏеда батараб хӀули.

ХӀор ссверун ругел хъархъазулӏ ваххчун вукӀа мун, жанире дол лӏугьараб меххалълъ, кӀутӀун босун, лъороб лъе дуцца бищун гьитӀиналълъул тӀом. Лълъедон рагӀалдеги ячӀун, гьелълъ дуда гьарила тӀом нахъе кьеян. КигӀан гьараниги, дуцца гьеб кьоге, мун гьелълъухъ гӀенеккуге. Цинги дуцца абураб гьабичӀого, дуда ххадуй йилълъинчӀого, гьелълъул чара букӀине гьечӀо, - ян абунила чоцца.

РекӀанила вас, цин кӀанцӀаралълъ чоцца хӀорихе щвезавунила. Хъархъазда гъоркьов ваххчанила гьев. Къалъул гӀужалда ссурссуриялда бачӀун, хӀорил рагӀалда лъабго микки рещтӀанила. ТӀасса макказул тӀомалги рахъун, нур гӀадал мусудул лӏугьун, рукъун гьел хӀоринире анила.

КӀанцӀун вахъун, лъороб къазабунила васасс бищун гьитӀиналълъул тӀом. Лълъедон рагӀалдеги ячӀун, гьитӀинай яс гьарданила гьессда тӀом нахъе кьеян. КигӀан гьараниги, гӀенеккичӀила гьев, балагьичӀила.

Жиде-жидер тӀомалги ретӀун, йоржун анила кӀияйго кӀудияй яцц. Гьезда ххадуй ахІданила гьитӀинай:

- Нужедасса ятӀалъулей йиго, дун гьанже гьаний ххутӀулей йиго. Дир къайи лъураб гъамассгӀаги нужецца гьанибе щвезабе, - ян.

ЛъабцӀцӏул чу кӀанцӀизегӀан нахъруссунги рачӀун, хӀорил рагӀалда зар гӀанассеб маржаналълъул гъамассги лъун, йоржун хъахӀилаб зодое тӀерхьун анила кӀияйго яцц.

Дицца ретӀел ретӀинегӀан, довеххун вуссаян абунила ясалълъ васассда. Гьабан абизе лъалареб, гвангъараб цо тамашаяб ретӀелги ретӀун, чӀчӏанила гьей гьессда ццее. Нахъа ясги лъун, рекӀанила вас чода.

- Кие дуцца дун ячуней йигей? - ан гьикъанила ясалъ.

- Гьаб нилӏеда ццебе бугеб шагьар бихьулищ дуда, гьаб шагьаралълъул пачахlaсce кьезе ячуней йиго дицца мун, - ан абунила гьасс.

- Гьессие кьечӀого, дуццаго кин ячунарей дун, - ан абунила ясалълъги.

Васасс жиндиргоги пачахӀассулги лӏугьа-бахъараб къисса бицанила. Гьелълъул бицунаго, гьел шагьаралълъул рагӀалде щванила.

Гьенибе чуги биччан, ячун ясгун, пачахӀассухъе анила гьев. Ясалда бер чІварабго, зар-заргӀанассеб гӀунила пачахӀассул кӀиябго бер, мегеж тӀуртӀуданила, цаби цоцазда кьабунила, щибго рагӀи нахъе тӀамичӀого, яс ячине къассд гьабунила гьесс.

- Мун гӀадав херассе дун ячӀунаро, къого сон барав гӀолохъанлъун вахъа мун, гьебмеххалълъ ячӀина дун дуе, - ян абунила ясалълъ.

- Араб гӀумру дицца кин нахъбуссинабулеб? - абунила начахIасс.

- Шагьаралълъул рагӀалда кӀикъоялда анцІго натӏ гъварилъуда бугеб гвенд бухъизабе дуцца. Гьеб гвенд рацІцІадал багӀарал гӀачиязул рахьдал цӀезабун, гьелда жанив чвердани, къого сон барав гӀолохъанчилъун вахъина мун, - ан абунила ясалълъ.

- Дир улкаялдаго ратиларо гьеб гвенд рахьдал цӀезабизегӀан гӀемерал багӀарал гӀачи, - ян абунила пачахӀасс.

- Ма гьаб, - ан абун, ясалълъ, кисинисса бахъун, цо гьитӀинаб квербацІцІ кьунила пачахӀассухъе. - Гьабги босун, цо чи витӀе дуцца гьаб нилӏеда ццебе бугеб магӀарде. ТӀогьиве вахараб меххалълъ, гьеб хьвагӀеян абе дуцца гьессда, гьаб мухъго цӀелебин багӀарал гӀачиязул.

ТӀолго шагьар гвенд бухъизе тӀамунила пачахIасс. Цо чи, квербацІцІги кьун, магӀарде витӀанила.

ТӀогьиве вахараб меххалълъ, хьвагӀанила гьесс квербацӏцӏ - рохьаздасса, мугӀруздасса - азарго батӀи-батӀияб бакӏалдасса, гӀергӀедулаго, кӀанцІанила багӀарал гӀачи шагьаралълъул рагӀалде. РечӏчӀанила ясалълъ гьел, цӀунила гвенд.

Цинги хӀинкъанила пачахІ, кІвечӀила жаниве лӏугьине.

- Раче гьанире цо бищун херал росс-лълъади, - ян абупила ясалълъ.

Вачун вачӀанила нусго сон барав гӀадав, къуларав, беразда канлъи бихьуларев цо чиги эхӀединайго чӀчӏужуги. Рукъизарунила ясалълъ гьел гвандинир къого сон барав гӀолохъанчилъун херав вахъанила, анцӀила щуго сон барай яс-гӀаданлъун херайги яхъанила.

Тӏокӏав дове-гъовего балагьичого, кӀанцӀун виччан танила пачахӏ гвандиниве - тӀухьи гӀадин, тӀиналдеги ун, гьабсагӀатги вугила гьенив.

Лълъикӏ букӀаян доб шагьаралълъул агьлуялдаги абун, вахун чодеги, нахъа ясги рекӀинаюн, тӀуризабунила васасс хъахӀаб чу.

Щванила цо шагьаралде. Базаралде вилълъанила гьев, къваригӀараб-тараб жо босизе. Ватанила жиндирго кӀудияв вацц: хохораб, магъкьахараб ретӀелги ретӀун, бадисса кьерги ун, бетӀербахъиялълъе чед бичулев вугила. Рохханила, къочаранила цоцазда гьел, бицанила цоцазда жиде-жидер лӏугьа-бахъараб иш. РетӀине ретӀел босанила гьесс ваццассе, рекӀине чу кьунила, базе ярагъ букӀинабунила, цадахъ вачанила.

Цо заманалдассан, унаго, щванила гьел цо росулӏе. Анила гьел базаралде - ватанила гьоркьохъев ваццги: дунялалда дарманги къосун, къасабчияссда ццеве хъазахълъун чӀчӏун, гьан бичулев ватанила гьессда гьев. Босанила гьессиеги къваригӀан щинаб жо. Цадахъ гьевги вачун, вилълъанила гьанже лъабавго вацц, цадахъ ясги йигила гьезда. Чӏор битӀун, инссул улкаялде балагьун рачӀунел ругила гьел.

КӀудиял ваццазул гьанже жахІда кканила гьитӀинасдеххун. «Нилӏ дунялалдаго кин рукӀунел, инссуда кин рихьулел, руччабазда кин рихьулел, я нилӏго хвезе ккун руго рокъоре щвезегӀан, ялъуни гьав тӀагӀинавизе ккун вуго нилӏецца», - ян гаргаданила гьел.

Гьоркьохъев ваццас абунила:

- Нилӏеда ццебе лъабкъого натӀ гъварилъуда бугеб, жаниб лълъимги бакъвараб цо гвенд буго, гьелда тӀаде щолаго, нилӏецца вацассда абун лълъикӏ, рачӏа чуял тӀамизеян. ТӀамун унаго, гьоркьовеги ккезавун, витӀун гвендалде тӀаде вачина нилӏецца гьев, чуги живгоги гьениве жаниве реххун ина, - ян.

КӀиявго вацц гьелда рекъанила. Гвендалде тӀаде щолаго, гьессда ваццаз абунила:

- РачӀа чуял тӀамизин, - илан.

Велъанхъулаго, гьесс абунила:

- Бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дунял ссверулеб дир чугун нужер чуял кин рекерулел? - ан.

КІваричӀин, дур чол бекеригӀаги бихьилеб батила нижедаян абун, гьез лъабассго чуял тӀамунила. Гьоркьовеги ккезавун, битӀун гвендалде тӀаде вачанила гьез гьев. ТӀаде щвараб меххалълъ, чІвараб магӀ гӀадин хъахӀаб чуги чӀчӏанила, дегӀенасса жаниве реххун васги анила.

Гьанже гьессул чу кквезе рортанила кӀудиял ваццал квер бегьулаго, берзукьа тӀерхьун анила чу.

Ячун ясгун, рилълъанила гьанже гьел. Щванила инссул шагьаралде. Сида жаний ясги тӀамун, тӀад хъаравуллъиги тун, рилълъанила гьел инссуде тӀаде. Цо гьерссида тӀад анцІго рекъезабунила, анцІгоялда тӀад нусго лъунила, дуда макьилӏ бихьараб чуги дуниялалдаго гьечӀеб жо букӀун бугин, зобалда гъоркь, ракьалда тӀад, ниж щвечӀеб, нижецца хъирщичӀеб бакӀги ххутӀичӀин, я гьеб чу бихьарав, я лъалев, я рагӀарав щивниги инсан нижеда ватичӀин абун рекъезабунила.

Чуго кІваричӀин дие, нужер гьитӀинав вацц киве араван гьикъанила инссуцца.

Гьез абунила:

- Унгеян ахІдолел нижги тун, цо квешаб, хӀинкъараб нухалълъ ана гъов, тӏокӀалълъ вихьичӀо нижеда, хваравги лъаларо, вахъаравги лъаларо, - ян.

Эмен цӀакъ пашманлъанила, шагьаралдаго рукъ рикІкӀун, магӀу лъунила, улкаялълъго чӀчӏегІер банила.

Гьанже кӀиявго ваццасс дой яс мукӀур гьайизе тӀаде хьвадизаюнила цо къоролай, дие ячӀаян цоясс, дие ячӏаян цогиясс. Гъой ясалълъ лъазабунила, чадилги гьаналги базар гьабулел чагӀазе дун ячӀунароян. Дун ячунев чи дидаго лъала, нужго цӀцӏодор рукӀаян.

Балагьун йикӀанила гьей цо къоялълъ сивул гордуниссан, кӀиябго берги гьелдеххун буссинабун, хъахӀаб чу бугила авлахъалда жен-жедулеб. Гьелълъ гъолде квер хьвагӀанила - горда гъоркье бачӀанила чу. Дур бетӀергьанчи кив вугеван гьикъанила гьелълъ.

- Гвандиниве реххун вугеблъи лъаларищ дуда, - ян абунила чоцца.

Гьев тӀаде вахъизе сабабго букӀунарищан гъикъанила гьелълъ.

- Цояб бетӀералда кӀичӀги гъун, лъабкъого натӀ ххалалъуда бугеб квар реххе дуцца дир горбоде, - ян абунила чоцца, - кӀичӀицца дир габур ккуни, вахъила дицца гъов тӀаде.

Ясалда асскӀоб квар батичӀила, ракьанчІван жиндирго гъалалги къотӀун, кьуранила гьелълъ лъабкъого натӀ ххалалъуда бугеб квар. Цояб бетӀералда кӀичӏги бан, анила гъоб чоде реххун. Хапун ккунила кӀичӀицца чол габур.

ТӀуранила хъахӀаб чу гьенисса, щванила гвенд бугеб бакӀалде тӀаде. Бегьанила жанибе квар, ккунила васасс гъоб, туркӀанила гьелълъ, вахъун вачӀанила тӀаде вас. Тириго чода рекӀанила гъов, боржараб хӀинчІчӏ гӀадин, щванила гьел шагьаралде.

Ваццазда гьев вачӀунев вихьанила, цояв бакъбаккуде тӀуранила, цояв бакътӀерхьуде лӏутанила, гьабсагӀатги унелго-унел ругила.

ХӀассил, пачахІ вохханила, ххалкъ бертаде жубанила, васасс яс ячанила. Гьелда дир маргьаги лӏугӀарабхха!

bottom of page