﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ХЪАБЧИЛӏ ВАТАРАВ ГІАКЪИЛ
Цо нухалълъ хханасс пуланаб росулӏе ххеххаб кагъат босун чапар витӀун вачӀанила. Хханассул цӀцӏаралдассан гьениб хъвалеб букӀанила гӀакъилзабазул бищун гӀакъилав лъазе нилӏер вилаяталълъул киналго гӀакълучагӀи данде ракӀарулел ругин, цинги гӀакъилзабазул мажлисалде нужеццаги росулӏго бищун цӀцӏодорав вакил витӀеян абун. Гьеб рагӀидал, жамагӀаталълъул пикру кканила хханассухъе цӀцӏодорав чи витӀичӀого, ххан маххссараде кквезелъун, росулӏго гӀабдалин тарав Ххатанил XӀурхӀи абулев рохьдохъан витӀизе.
ХӀурхӀи хханассухъе кӀудияб гъираялда анила, хханассулги кӀалгӀаялда жаниб гӀакъилзаби ракӀарараб рукъалълъул букІнилӏ, рагьда нахъа гӀодов чӀчӏанила. Ссверухълъиялдассаго рачӀарал цӀцӏар бугел, чӀухӀун къачӀарал гӀакъилзаби, гьурмада лълъим хъвачӀев, тӀутӀураб ретӀелалъул гьассда тӀад релъанхъулел, гьев маххссараде кколел рукӀанила. ХӀурхӀиян абуни, жинда щибго рагӀулеб гьечӀеб ххвелги гьабун, ссабуралда гӀенеккун чӀчӏанила.
Байбихьанила хханасс суалал кьезе. Киназдеххунго вуссун, хханасс цо нухалълъ кӀалдибе реххун кунеб бищунго тlaгlaмаб квен щиб кколебан гьикъанила. Киналго гӀенеккун чӀчӏедал, ХӀурхӀицца абунила:
- БетӀерчӀахъаяв ххан, бицине бегьилищ? – ан. – Гьеб гӀанкӀудул хоно ккола.
Гьессул жавабалълъ ххан кутакалда хӀайран гьавунила.
Ххадуб хханасс цӀехханила, лълъида кӀвелеб жиндие дунялалда гьечӀеб кьералълъул оц бачун бачӀинеян. ГӀакъилзаби цоцахъ ралагьанила, гьурмал кьер хисанила, бан гӀетІгун, гӀодоре руссун чӀчӏанила. Гьезда ццин бахъарав ХӀурхӀицца, цо жо ккелин гьалълъулилан абун ракӀалдеги ккун, тӀаде вахъун, жинда кӀвела гӀакълу тӀадегӀанав хханилан абунила.
- Кида мун вачӀинев? - ан цӀехханила тамашалъарав хханасс.
- АрбагІ гуреб, ххамиз гуреб, рузман гуреб, итни гуреб, талат гуреб, гьатӀан гуреб, шамат гуреб - бокьараб къоялълъ радалго вахъун вачӀина, — ян жаваб кьунила ХӀурхӀицца.
Гьессул жавабалълъ виххун ккарав хханасс мун киссайилан цӀехханила, дур росдал гӀадамалги кин ругелали баян гьабеян абунила. ГӀемерго ургъичӏого, XӀурхӀицца жаваб кьунила:
- ЧӀчӏужу лълъикӀал - лълъикӀ руго, чӀчӏужу квешал - квеш руго, - ян.
Ххассмуш гӀадав гьессие цӀцӏодорлъиялълъул цӀцӏар кьезе бокьичӀев хханасс аххирги гьикъанила, нужер росулӏ бищун лълъикӀаб жо щиб бугебилан.
ХӀурхӀида бичӏчӀанила гьессул пикру, цинги байбихьанила тӀуванго ххан маххссараде кквезе:
- Валлагь, ххан, нижер росдал кьурулӏ бижун буго унтулареб, холареб, херлъулареб пихъ, - ан жаваб кьунила гьесс.
Гьессда божарав хханассда ракӀалде кканила гьелдасса жиндие хӀажатаб жого щибхха бугебан, цинги гьоркьов тархъичӀого цӀехханила, кидахха мун гьебги босун вачӀине вугеван. Хханасс гьедин цӀеххезе бугеблъи ццебеккунго лъалеб букӀараб гӀадин, ХӀурхӀицца ххеххго жаваб кьунила чи гьечӀеб базар- къоялълъ вачӀине кӀвелилан. Гьессул кьварарал кӀалъаялги, цӀцӏодорал жавабалги рекӀее гӀедал, хханасс жиндассан тӀубазе бокьараб мурад гьечӀищан цӀехханила.
- ХӀурмат тӀадегӀанав ххан, риидалил рукъги рукъалълъул хӀубиги кьуни дие гӀелаанхха, - ян абунила гьесс.
Ххан дагьалълъ лъалхъанила, цинги гьессие мукӀурлъун бетӀерги кӀибикӀун, магӀидасса бахъун буртинаги гьессухъе кьун, абунила:
- Ма дуе риидалил рукъ, рукъалълъул хӀубиги росулӏа балагье, - ян.
Рукъ цӀурал гӀакъилзаби ХІурхӀиде ццидахханила, цинги гьев къолеб хӀилаялълъеги ургъанила. Гьезда ракӀалде кканила ХӀурхӀил ххучарал, ххалатал михъал, гьоцӀцӏогун тӀехх кунаго, данд рекӏине ругилан, гьессдаги ццебе хӀерчч цӀураб тӀеххги хъаба гьацӀцӏулги лъунила. ХӀурхӀида жинда тӀад релъанхъизе бокьун букӀин бичӀчӀанила, цинги кваналалде цин гьацӀцӏулӏ килщалги ччун, лълъикӀ михъал кьуранила.
ГӀорцІцӏизегӀан кваназеги кванан, чехь цӀедал, ххадур балагьун гӀакъилзабиги тун, хханасс кьураб буртинаги босун, рукъалълъул хӀуби – чӀчӏужу щийдай ячун лълъикӀилан пикрабиги гьарулаго, рокъобе ххазабунила гьесс.
Гьелдасса нахъе щуго сон ун букӀанила, цинги жиндирго богун ххан сапаралдасса вачӀунев вукӀанила. Гьеб заманалда гъоркьан тӀаде вачӀунев довго ХӀурхӀи вихьидал, вакъун вукӀарав хханассда гӀанкӀудул хоно ракӀалде щванила.
- Асаламу гӀалайкум, хоно щибгун? - ан гьикъанила гьесс.
- ВагӀалайкум салам, цӀцӏамгун, - ан салам буссинабунила ХӀурхӀиццаги.
- Ялъачи, нужер гьаниб багӀаргьалида накъишал рахъизе вачӀун вукӀарав чиго щив? - ан гьикъанила нахъеги хханасс, гьеб суалалълъгӀаги гьев мекъи ккелин абураб пикруялда.
- Нужер чӀчӏегІергьалида сагъри биччарав устар вачӀун вукӀана, - ян жаваб кьунила ХӀурхӀиццаги.
- ГӀакъилзабиги хъабчилӏ рукӀунел руго, - ян абун, ххан жиндирго нухда анила.
]abxi` wataraw faqil
co nu[a' {anaS <ulanab rosu`e {e{ab kaGat bosun xa<ar wiTun wazanila. {anaSul VaraldaSan henib ]waleb bujanila faqilRabaRul bi?un faqilaw ;aRe ni`er wilayata'ul kinalgo faqluxafi dande rajarulel rugin, cingi faqilRabaRul maDlisalde nuDeCagi rosu`go bi?un Vodoraw wakil wiTeyan abun. heb rafidal, Damafata'ul <ikru Kanila {anaSu]e Vodoraw xi wiTizogo, {an ma{Sarade KweRe;un, rosu`go fabdalin taraw {atanil \ur\i abulew roFdo]an wiTiRe.
\ur\i {anaSu]e judiyab Girayalda anila, {anaSulgi jalfayalda Danib faqilRabi rajararab ruqa'ul bujni`, rahda na]a fodow Zanila. Sweru];iyaldaSago razaral Var bugel, zu\un qazaral faqilRabi, hurmada 'im ]wazew, TuTurab reTela;ul haSda Tad re;an]ulel, hew ma{Sarade Kolel rujanila. \ur\iyan abuni, Dinda ?ibgo rafuleb hezeb {welgi habun, Saburalda feneKun Zanila.
baybiFanila {anaS sualal peRe. kinaRde{ungo wuSun, {anaS co nu[a' jaldibe re{un kuneb bi?ungo Tafamab kwen ?ib Koleban hiqanila. kinalgo feneKun Zedal, \ur\iCa abunila
- beTerza]ayaw {an, bicine behili?& – an. – heb fanjudul [ono Kola.
heSul Dawaba' {an kutakalda \ayran hawunila.
{adub {anaS ve{anila, 'ida jweleb Dindiye dunyalalda hezeb pera'ul oc baxun bazineyan. faqilRabi coca] ralahanila, рurmal per [isanila, ban feTgun, fodore ruSun Zanila. heRda Cin ba]araw \ur\iCa, co Do Kelin ha'ulilan abun rajaldegi Kun, Tade wa]un, Dinda jwela faqlu Tadefanaw {anilan abunila.
- kida mun wazinew& - an ve{anila tama/a;araw {anaS.
- arbaf gureb, {amiR gureb, ruRman gureb, itni gureb, talat gureb, haTan gureb, /amat gureb - boparab qoya' radalgo w]un wazina, — yan Dawab punila \ur\iCa.
heSul Dawaba' wi{un Karaw {anaS mun kiSayilan ve{anila, dur rosdal fadamalgi kin rugelali bayan habeyan abunila. femergo urGizogo, \ur\iCa Dawab punila
- ZuDu 'ijal - 'ij rugo, ZuDu kwe/al - kwe/ rugo, - yan.
{aSmu/ fadaw heSiye Vodor;iya'ul Var peRe bopizew {anaS a{irgi hiqanila, nuDer rosu` bi?un 'ijab Do ?ib bugebilan.
\ur\ida biZanila heSul <ikru, cingi baybiFanila Tuwango {an ma{Sarade KweRe
- walah, {an, niDer rosdal puru` biDun bugo untulareb, [olareb, [er;ulareb <i], - an Dawab punila heS.
heSda boDaraw {anaSda rajalde Kanila heldaSa Dindiye \aDatab Dogo ?ib{a bugeban, cingi horpow tar]izogo ve{anila, kida{a mun hebgi bosun wazine wugevan. {anaS hedin ve{eRe bugeb;i CebeKungo ;aleb bujarab fadin, \ur\iCa {e{go Dawab punila xi hezeb baRar-qoya' wazine jwelilan. heSul pwararal ja;ayalgi, Vodoral Dawabalgi rejeye fedal, {anaS DindaSan TubaRe boparab murad hezi?an ve{anila.
- \urmat Tadefanaw {an, riidalil ruqgi ruqa'ul \ubigi puni diye felaan{a, - yan abunila heS.
{an daha' ;al]anila, cingi heSiye muTur;un beTergi jibijun, mafidaSa ba]un burtinagi heSu]e pun, abunila
- ma duye riidalil ruq, ruqa'ul \ubigi rosu`a balahe, - yan.
ruq vural faqilRabi \ur\ide Cida{anila, cingi hew qoleb \ilaya'egi urGanila. heRda rajalde Kanila \ur\il {uxaral, {alatal mi]al, hoVogun Te{ kunago, dand rejine rugilan, heSdagi Cebe \erX vurab Te{gi ]aba haVulgi ;unila. \ur\ida Dinda Tad re;an]iRe bopun bujin biZanila, cingi kwanalalde cin haVu` kil?algi Xun, 'ij mi]al puranila.
forViRefan kwanaRegi kwanan, xeF vedal, {adur balahun faqilRabigi tun, {anaS purab burtinagi bosun, ruqa'ul \ubi – ZuDu ?iyday yaxun 'ijilan <ikrabigi harulago, roqobe {aRabunila heS.
heldaSa na]e ?ugo son un bujanila, cingi Dindirgo bogun {an sa<araldaSa wazunew wujanila. heb Ramanalda Gorpan Tade wazunew dowgo \ur\i wiFidal, waqun wujaraw {anaSda fanjudul [ono rajalde
?wanila.
- salam falaykum, [ono ?ibgun& - an hiqanila heS.
- wafalaykum salam, Vamgun, - an salam buSinabunila \ur\iCagi.
- ya;axi, nuDer hanib bafarhalida naqi/al ra]iRe wazun wujaraw xigo
?iw& - an hiqanila na]egi {anaS, heb suala'fagi hew meqi Kelin aburab <ikruyalda.
- nuDer Zeferhalida saGri biVaraw ustar wazun wujana, - yan Davab punila \ur\iCagi.
- faqilRabigi ]abxi` rujunel rugo, - yan abun, {an Dindirgo nu[da anila.