﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
МАЛИ БИЧУЛЕВ
Мала Нассрудинил мадугьалассул букӀун буго лълъикӀаб пихъил ах, пайдани щиб, гьев цӀакъ бараххщарав чи вукӀун вуго, ахида ссверун борххатаб къедги букӀун буго. Мадугьал рокъов гьечӀеб гӀадаб заманги балагьун, Мала Нассрудиницца хӀукму гьабун буго пихъ квине гьессул ахикье лӏугьине.
Жиндирго мали чІван, цин гъоркье ахикье лӏугьун вуго гьев, цинги ххадуб малиги цо борххатаб гъотӀода базабун, гьеб гъотӀодасса пихъ кунев вукӀун вуго. ТӀаде вачӀун вуго ахил бетӀергьан. Гьесс абун буго:
- Мадугьал, дуцца гьаниб гьабулеб щиб? - ан.
- Беццавги гьечӀелълъул, бихьуларогойищ бугеб дуда! - ян ахІданила Мала Нассрудин. - Дун гьаниве мали бичизе вачӀун вукӀана.
- Малал ричулеб бакӀищ гьаб дуе бугеб? – ан кӏалъанила ахихъан.
- Босулев чи вугони, бокьараб бакӀалда бегьула мали бичизе, - ян абунила Мала Нассрудиницца.