
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Царал бохх
Цер битIун буго рохьобе цIулада ххадуб. Рохьобе инаго царал бохх хIарщулӏ къан буго. Царада гъотIода мокъокъ бихьун буго. Цер кIалъан буго мокъокъида дир бохх бацIцIизе гъотIодасса цо тIамах реххеян.
– Реххиларо, – ян абун буго мокъокъицца.
Гьеб меххалълъ цер кIалъан буго гъедуялда:
– Гъеду, ва гъеду, дицца гьарана мокъокъида гъотIодасса дие цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъолълъ реххичIо; реххе дие цо тIамах бохх бацIцIизе.
– Реххиларо, – ян абун буго гъедуялълъ.
Ххадуб цер кIалъан буго гугоялда.
– Гуго, ва гуго, дицца гьарана мокъокъида дие гьотIодасса цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъолълъ реххичIо, дицца гьарана гъедуялда гъолълъги реххичIо; дуццагIаги реххе дие цо тIамах бохх бацIцIизе.
– Реххиларо, – ян абун буго гугоялълъ.
Цер кIалъан буго цIцӏумалда.
– ЦIцӏум, ва цIцӏум, дицца гьарана мокъокъида дие гъотIодасса цо тIамах реххеян, гъолълъ реххичIо, дицца гьарана гъедуялда дие цо тIамах реххеян гъотIодасса, гъолълъги реххичIо, дицца гьарана гугоялда дие цо тIамах реххеян гъотIодасса, гъолълъги реххичIо. ДуццагIаги реххе дие гъотIодасса цо тIамах дир бохх бацIцIизе.
– Реххиларо, – ян абун буго цIцӏумалълъ.
Аххирги цер кIалъан буго цIцӏунцIцӏраялда.
– ЦIцӏунцIра, цIцӏунцIра, дицца гьарана мокъокъида, гъедуялда, гугоялда, цIцӏумида дие гъотIодасса цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъоз реххичIо. ДуццагIаги реххе дие тIамах.
ЦIцӏунцIцӏраялъ реххун буго царае бохх бацIцIизе тIамах. Цер, бацIцIун боххгун, ун буго рокъобе.