top of page

ЩИВ БЕРГЬАРАВ?

Цо росулӀ гаргадизе маххщел вугев, цоцалълъ къаццандун вукӀунарев кӀиго чи вукӀанила. Цо нухалълъ цоясс цогидав, гаргадун къезавизе къассдалда, рокъове ахӀанила. ЦӀакъ бухӀараб чурпаги ццебе лъун, кванаян абунила.

Босанила гьесс чурпа кӀалдибе, бухӀиялълъул кутакал бадиб магӀуги ккун, мокърукье валагьанила.

- Валагьизе щибго гьечӀин, гьаб рукъ росу бахъун бараб бугин, - илан абунила рукъалълъул бетӀергьанасс.

- Росу бахъун биххизеги ккаги, - ян абун, гьевги тӀаде вахъанила.

bottom of page