﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ЧАРАН
ВукӀанила вукӀинчӀила, цо пулапаб шагъаралда вукӀанила цо ххан. Гьессул йикӀанила ссверухъ улкабазда цӀцӏар рагӀарай цо берцинай ясги. Хханасс лъазабунила жинцца яс кьезе йигин божизе захІматаб, лӏугъине рес гьечӀеб, жиндирго ракӀ рекъараб лъабго ххабар бицарав чияссеян.
Хханассул ясалълъухъ рокьи ккун, хханассе ххарбал рицине рачӀарал гӀезегӀан гӀолохъаби кканила, цонигиясда кІвечӀила хханассул ракӀ рекъолеб ххабар бицине. КъотӀуда рекъон, хханассги гьезул бутӀрул къотӀулел рукӏун руго.
Гьев хханассул улкаялда бугеб цо пуланаб росулӏ вукӏанила Чаранин цӀцӏар бугев мискинавго гӀачивехь. Гьессдаги рагӀанила жидер хханассул берцинай ясалълъулги гьей ячине ккани, гьелълъул инссуцца ццебе лъун бугеб шартӀалълъулги хӀакъалълъулӏ ххабар. Гьесс хӀукму гьабунила хханассул яс гьарун ине.
Цо къоялълъ бакъанида, гӀачиязул рехьедги росулӏе щвезабун, Чараницца жиндирго эбелалда абунила:
- Эбел, нилӏер хханасс жиндирго яс кьолей рагӀула гьев разияб лъабго ххабар бицарав чияссе. Дир къассд ккун буго хханассухъе яс гьарун ине. Гьессие цо лӏугьине рес гьечеб лъабго ххабарги бицина, щиб лъалеб, дир ххарбазда гьессул ракІги рекъон, хханассул ясги щун, тӀадвуссинеги бегьула гури дун, - ан.
- Вай, дир вас, гӀадаллъуге, гьел хханзабиги хӏила- рекІкӏ гӀемерал чагӀи рукӀуна, бицараб ххарбида рекъечӀони, бетӀер къотӀулеб рагӀула гьесс. ЦохӀо вугев дур гьесс бетӀерги къотӀани, цинги дицца щиб гьабилеб? Унге мун гьениве, гьей хханассул ясги кӏваричӏо нилӏее, нилӏерго мискинлъиялда рекъараб ригьинги гьабун, ячина дуе чӀчӏужуги, мун рокъов вукӀа, дир дарман, - ан гьарданила эбел.
- Дир бетӀер хханассищ къотӀилеб, хханассул яс диццайищ ячинеяли жеги лъалеб жо гуро, эбел. Щиб лъалеб, эбел, цогидасс гьессие рицарал ххарбазда гьессул ракӏ рекъечӏого батаниги дицца рицаразда ракІ рекъезеги бегьула гури, дун батӀаго гӀадан гуревищ? ХӀинкъун-къан жо кколаро, эбел, цо хӀалбихьизин, - ан абунила васасс.
КигӀан гьарданиги, эбелалълъухъги гӀенеккичого, нахъияб къоялълъ Чаран вилълъанила хханассухъе.
Хханассул хъаладухъеги щун, гьенир ратарал гӀадамазда абунила Чараницца, жив вачӀун вугин яс гьарун, абейин хханассда жив тӀаде къабул гьавеян. Хханасс гьессда, асскӀовеги ахӀун, кисса щиван цӀехханила. Чараниццаги бицанила жив щив кколевалиги, щиб къваригӀелалъги вачӀаравали.
- ЛълъикӀ буго, бицехха дурго ххабар, - ан абунила хханасс.
Чараницца байбихьанила хханассе ххабар бицине.
- Цо къоялда бакъанида гӀачиги росулӏе рачун, рехъадасса рокъове щвана, цӀакъ вакъунги вукӀана, - ян байбихьанила Чараницца. - Рокъоб щибниги квине квенго батичӀо эбелалълъул. Дагьал ццерегӀан къояз нижерго ахикь цо кӀудияб хъабахъ бихьун букӀун, гьебгӀаги тӀелин белъине тӀамизеян, ахикье лӏугьана. Балагьана, - кибниги хъабахъ бихьуларо. Сон-ццерекъад гьаниб букӀараб гьабго кибедай арабан ракӀалдеги ккун, хъабхъигӀарщ аралълъуве, лъалкІ бачун, ххадув вилълъана. Нилӏер мегӏер цо тана, чияраб кӀиго тана, керчал рохьал тана, салул авлахъал тана, гохӀал щинкӀана, щобал герана, кӀиго ххасел ана, лъабго рии ана, аххиралда цо ралъдал рагӀалде ккана. Валагьана гури, буго хъабхъил квар ралъдада тӀассанги добеххун ун. Гьелда тӀадеги вахун, дунги вилълъана гьелълъул лъалкӀда ххадув. Ралъдал доб рагӀалда, гӀадан-чи гьечӀеб чӀчӏинкӀиллъиялда рахӀаталда гӀебеде бегун буго хъабахъ. ЛълъикӀго кӀодолъунги буго, барщунги буго. Гьенисса тӀун гьебги босана. Долго хъабхъил кваразул мухъ ккун вилълъана рокъове. Къассиялде рокъове щвана. Бакун цӀагун, цӀеда хъагги лъун, хъабахъ босун дун вачӀинегӀан, хӀадурлъун ятана эбел. ГъебсагӀат къотӀ-къотӀун хьагинибе ккезабуна эбелалълъ хъабахъ. Белъун гьебги кун, нижецца ххадуб лълъимги гьекъана. Гьелдасса тӀагӀамаб квен киданиги лълъиццаниги кун батиларо, лӏугӀизабунила васасс ххабар.
Хханассулги гьессул рукъалълъул агьлуялълъулги гьеб ххарбида ракӏ рекъанила. Хханасс абунила гьеб бегьанин, кӀиабилеб ххабар бицине метер вачӀайилан.
Нахъиссеб къоялълъги вилълъанила Чаран хханассухье, гьессие ххабар бицине.
Хханги, гьессул рукъалълъул агьлуги, вазир-вакилзабиги, гӀащтӀичагӀиги кина-щиналго ссверунги ракӀарун, тӀамунила ххабар бицине Чаран.
Сон гьанисса рокъове щвелалде, ян байбихьанила Чараницца ххарбиде, эбелалълъ бугоан квен гьабун, квандани тӏагӏам гьечӏоан, цӏцӏам бан гьечӏоан. Щай, эбел, бачӀебан гьикъидал, гьелълъ абуна рокъоб цӏцӏан гьечӏилан. ЦӀцӏамги гьечӏого мун тезе ресищ бугебан эбелалдаги абун, квенги жибго тун, гьенисса вилълъана цӀцӏам босизе Кванххидалӏе.
ЦӀцӏамул кьурда асскӀове щвараб меххалълъ, рекӀеда ватана кьурулӏа цӀцӏам бахъизе я газа, я раххан - щибго жо кодоб босичӀого, гӀедегӀалихъе вачӀун вукӀиналде. Гьанже гьабилеб щиб? Ургъана, ургъана, аххиралдаги хӀукму ккана ботӀроцца цӀцӏан бахъизе. Нахъе-нахъегӀанги ун, куйцца гӀадин, бетӀер тункана кьурулӏа къватӀибе цӀцӏутӀараб цӀцӏамул гӀусалда - тӀун бачӀана гьеб. Босун гьебгун, эбелалълъ ццебе лъураб квен цӀцӏоролелде, рокъове щвана, кванилӏе цӀцӏамги бана, лълъикӀаб тӀагӀамгун квенги квана, ян лӏугӀизабунила гьеб ххабарги Чараницца.
Гьелдаги ракӀ рекъанила хханассул, гьесги абунила гьебги бегьанин, лъабабилеб ххабар бицине мун метер вачӏайилан.
Чаран рокъове инго, хханасс ахӀун жиндихъеги рукъалълъул агьлуялда, вазир-вакилзабазда, гӀакълучагӀазда, рагьтӀателазда, гӀащтӀичагӀазда - киназдаго лъазабунила гьагъав васасс метер нилӏее кинаб ххабар бицаниги, «Битӏараб буго! БитӀараб буго!» - ян ахІдейин нужилан.
Радал, анцӀила щуго хӀамаги ццебе къотӀун, Чаран вачӀанила хханассул рагьде лӏугъун.
Гьал хӀамул щиб гьабизе гьанире рачаралин гикъанила хханассул чагӀаз Чаранида. Чараницца абунила:
- Гьав нилӏер хханассул инссуцца дир инссуе анцӀила щуго хӀамицца хӀалихъе баччулеб къадаралълъул месед-гӀарац кьезе букӀун буго. Гьеле гьеб месед-гӏарац босизе вачӀун вуго дун жакъа рачун гьал хӀамулгун, - ан.
- БитӀараб буго! БитӀараб буго! - ян ахІданила хханассул рагъда рукӀарал щинал чагӀи.
- Гьай, гӀабдалзаби, щиб нужецца бицунеб жо, дир эмен гьессул инссуе кисса налъулав вукӀунев, гьересси буго гьесс бицунеб жо, - ян ахІданила ххан. «Гьересси буго! Гьересси буго!» - ян ххадуб дозги ккунила.
Дицца бицунеб жо гьересси батани, гъой дур яс дие ккана гьанже, - ян Чараниццаги абунила.
АнцӀила щуго хӀамицца баччулеб месед-гӀарац кьезегӀан, гӀачивехьго вукӀаниги, ясго кьун лълъикӀилан, хханасс хӀукму гьабунила яс кьезе. ТӀелекьа къолохъаби ахӀанила, КъахӀисса зурмихъаби рачанила, бертин-той гьабунила, гьекъанила, квананила. Кеп-гӀоркьалда анкьицца хханассул азбаралдаги рукӀун, микьабилеб къоялълъ, ячун бахӀарайгун, Чаран тӀадвуссун рокъове вачӀанила.