
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
М m
M
-
«Ма» бокьулев, «кье» рихарав.
-
«Ма ссахI!» – ан бачIунеб гIака,
«Кье ссахI!» – ан бачIунеб чу. -
«Ма» – ялда ццебе хIетIе лъоге.
-
Мавул рокьи букIунеб, кьовул божи букIунеб.
-
Магжида нус бабадулеб рекIинчIеб меххалълъ, кIалдиб мацIцI кIичIардулеб гьересси бицунеб меххалълъ.
-
МагжилI иман букIунареб, рекIелI гурони.
-
Магъал гьанахъ гьоэр щолареб (нилIее къваригIараб къоялълъ лълъикIалълъухъги квешаб щолареб).
-
Магъил гIел тезеги Аллагьассул хIукмуйила.
-
Магъил ургъел гьабулагойила хIанчIчIил боххдул тIеренлъарал.
-
МагъилI ругел хурзабазги хабалI ругел умумузул рукьбузги гьабизе жо гьечIо – хIара хIажат буго.
-
Магъихъ балагьун, кьурде, цер.
-
Магь цIезе ссан гурел, ссахI цIезе хур гурел.
-
Магъихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье.
-
МагIарда бартуццаги лълъикIабаб кколебила.
-
МагIарда гIи бугев – гIаг гьечIеб шарбал,
ГIиялI куйдул ругев – тIох гьечIеб тIагъур.
-
МагIарда чан букIаго, чурун хьаг цIеда лъоге.
-
МагIардаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел.
-
МагIарде ваханиги, гьитIинав кIодолъуларевила, гвандиниве рехханиги, кIудияв гьитIинлъуларевила.
-
МагIарде гъуниги, хIамицца заз гурони кунареб.
-
МагIарде гIазу баги, гIухьби рокъой рачIине,
ГIурдаде саву ккаги, вокьулессда бер чIвазе.
-
МагIарде гIазу бани, гIурухъе цIцIорой кколеб.
-
МагIарзухъа кIалдибегIан къокъаб жойила гьересси.
-
«МагIарзухъан бачIаги!» - ян, чед кьун, воххизавуге дун; гьумер битIун кIалъараб кIалалълъ воххизаве дун.
-
МагIарул киниялълъ гIадин магIарул чияссул черхх лълъадаруларо.
-
МагIарул мацIцIалда кечI ахIулел, гIурус мацIцIалълъ гаргадулел магIарулал.
-
МагIарулазул хур хвани, хьиндалазул пихъги холеб.
-
МагIарулассул нахъагIакълу.
-
МагIарухъ дибирлъи щоларев – лъарагIалде, лъарагIалда дибирлъи щоларев – Нугъаялде.
-
МагIарухъе вачIани, дурго гьобол лъаларев, Чачаналде вачIани, дурго хIама лъаларев.
-
МагIирокъоб гIоди рекъараб, берталълъ аваданлъи рекъараб.
-
МагIицца квен босарай, кочIоцца рос восарай.
-
МагIицца магIирукъ берцин гьабулеб.
-
МагIу кIиго батIияб букIунебила: цояб чваххун бачIунеб, цояб бачIинабураб.
-
МагIу-рагIиялълъул ххалалъиго щиб, ххарицел гуреб жо мокърукьги гьечIин? Гьуя-гьараялълъул гьарзалъиго щиб, хъандиро гуреб жо магIида гьечIин?
НекIо кицилъун тIиритIарал гьал рагIабаз бичIчIизабулеб буго мискинчияссухъ гIоди гIададиссеб бугилан. МагIихъаналда рагIун букIун гьечIо: «БоцIцIи хIажат гьечIо, хIара къваригIун буго», – абураб битIараб кици.
-
МагIу рекъезе – рагIи, кечI рекъезе – далалай.
-
МагIу рекъезе – рагIи , риба хIалаллъизе – хIила.
Буссурман диналда риба гьабизе (къарзалълъе гIарац нусел лъун, яги ххайир гIахьал гьабизелъун кьезе) бегьуларо. Гьеб рикIкIунаан хIарамаб жолъун. Гьеб хIарамлъиялдасса жалго рорчIизе, рибачагIаз гьадинаб хIила гьабулаан: Дицца дудасса духъе кьуралдасса тIокIаб кепек тIалаб гьабуле гьечIо, «ракI разилъунни», дуцца дие «чIобого» кье нилIедаго гьоркьоб разилъи ккараб къадар.
Данде ккве гIонкIкIол кици: «Диего гIоло абулеб жо батани, дир чехь бихъаги, гьирдани тIад къвачIа рекъараб жо буго».
-
МагIу-рорчIи хханассул гIадаб, хвел букъи Гергил гIадаб.
-
МагIу хвалилI ахIе, кечI берталI ахIе.
-
МагIуги кечIги, рекIеда бухIараб меххалълъ гурони, бачIунаро.
-
Мадинатги Гагуги гIадин.
Мадинатги Гагуги рукIаралила цIакъ цоцазе рокьарал кьерилал. Цоцаздасса ратIалъун, Мадинат ккарабила нилIер рахъалде. Гагу ххутIарабила рикIкIадаб улкаялда. Гьеб къоялдасса нахъе нилIер Мадинатги бугебила «Гагу! Гагу!» – ян ахIдолеб ххутIун.
Гьеб биценалда данде ккун хъварал руго ЦIадасса ХIамзатил ххадур реххссарал рагIаби:
«Дун гурхIулароан, гохI-гохIалда чIчIун,
Гагу! – ян ахIдолеб Мадинатида.
БукIун буго гъарим, гьанже дун гIадин,
Дандеябги билун, балагьалда гъун».
-
Мадугьал квешлъани – рукъ хисе, чIчIужу квешлъани – цIцIар тIаме, чу квешлъани – биче.
-
Мадугьал лълъикIав гьоркьоб къед борххатав; гьудул лълъикIав рукъ рикIкIадав.
-
Мадугьал лълъикIассул ражихо-хоно россассе арабила, мадугьал квешассул лълъикIай яс рокъой ххутIарайила.
-
Мадугьалассда велъуге: бадибчIвай бихьизе гурин.
-
Мадугьалассул гьобол хунилан, Гьолокье магIиде арай.
-
Мадугьалассул хIалтIи малълъунги, ясал чIчIун тогейила.
-
Мадугьалассул хIелеко хъазлъун бихьулебила.
-
Мадугьалассул чед гьуинаб, чияр чIчIужу берцинай.
-
Мадугьалассулгун гьоркьоблъи бокьарасс рагьда гьой хьихьулареб.
-
МадугьалассулI кин вукIараван гьикъулебила къиямассеб къоялълъ Аллагьасс жиндирго лагъассда.
Чи хун, гьессул хIисаб-суал гьабулеб меххалълъ, тIоццебе Аллагьасс жиндир лагъассда гьикъулебила мадугьалассулъ кин вукIараван.
Динияб рахъги ххал гьабичIого, гIаданлъи-намусалълъул рахъ босаниги, мадугьалассулъ лълъикI вукIин – гьеб буго бахIарчияссулI букIине кколеб бацIцIадаб ххассият.
-
Мадугьалзабазги беццани, цIцIилцIцIиеги росс щолевила (цIцIилицIцIги россассе унебила).
-
Мадугьалихъ йигей палихъаналда щибго лъалареб, лъаларей рикIкIадегIан йигелда «кинабго лъалеб».
-
Мадугьалихъги ватугеги кIкIухIалав чи, хобги асскIобе ккогеги хIалихьатав чияссда.
-
Мазандаран дарай диеги щвечIо, жулпакатаналда дунги рекъечIо.
-
Мазгьаб гьечев чи – чед гьечIеб таргьа.
-
Майданалда баххчун, цер чанахъанасс толаро.
-
Мазлумассе зулмуялълъул къоялдасса залимассе гIадлуялълъул къо захIмалъулеб.
-
Макру-хIила гIемерасс цо тIабигIат кколаро.
-
Макьидасса бергьараб жо гьечIебила.
-
Макьие гурони, вегизе ккогеги.
-
Макьие ссабру гьечIеб, рокьуе берцинлъи гьечIеб.
-
Макьу гьуинал беразда сардил ххалалъи лъалареб.
-
Макьу тарав тушман ххадув ккогеги.
-
Макьу толеб жо – ургъел, гIадан холеб жо – ххиял.
-
Макьу щварал кьижула, рокьи ккарал ссвердула.
-
Мали Къвегъадаго, къвал мажгитухъго.
Къвегъада буго ххунздерил хабалазда асскIоб бугеб хварал росулеб мали лъолеб бакI. Кици хIалтIизабула молода лъоларевги къвалицца вухьунаревги чи вукIунарин, чIухIдаруге абураб магIнаялда.
-
Маланассрудинида гьикъарабила жаназадул молол ццебейищин лълъикI букIунеб, нахъайищилан. Ццебе-нахъаялълъул батIалъи гьечIин, тIад лълъикIаб букIунарилан абурабила гьесс.
-
Маланассрудинил далай лIугIаниги, чIандахабаралълъе лIугIи гьечIебила.
Маланассрудинидаги илбисалдаги гьоркьоб къотIи ккун букIарабила, цо-цо кечI ахIун бахъинегIан, цоцазул гъежда рекIине. Цин илбисалълъул гъежда рекIарав Маланассрудиницца ахIарабила лIугIиго гьечIеб «далай-далай». «ЛIугIуларищ? ЛIугIуларищ?» – ан зигардулебги букIун, илбисалълъ гьарарабила, жиб дур гъеждаги рекIинарин, кечIги ахIиларин, талихI кьегийин, гъоркье лIугьаян.
-
МалахIосен ахIарав ахIе, ХIункърае кьурассе кье.
-
Малълъ кIутIаниги, ботIрода унтулеб.
-
Малълъаниги лъалареб, бетIер гьодораб бугони; малълъичIониги босулеб, бетIер цIцIодораб бугони.
-
Малълъараб босизе чи тIагIун ххутIугегийила.
-
Малълъараб босуларевги – ахIмакъ, босуларессда малълъаравги – гIабдал.
-
Малълъараб гьабе, гьикъараб бице.
-
Малълъараб гьабичIев ХIавал ГIалицца хIуличIого бана гIака магIида.
-
Малълъараб гьабуни, дагIба кколаро, гьикъараб бицани, кьал букIунаро.
-
Малълъараб гьабуни, мекъсса кколаро.
-
Малълъараб гьудуласс – гьабураб дицца.
-
Малълъарабги гьабичIо, гьикъун бихье жиндаго, гьикъарабги бицинчIо, гьеле живго чи ццеве.
-
Малълъарабги лъаларей, лъарабги гьабуларей.
-
Малълъарассул кIал бекулареб, кIанцIарассул бохх гурони.
-
Малълъарассул малълъарабги гьабунила жиндир эбел хварайилан абурабила Маланассрудиницца.
-
Малълъаризе цIакъав, гьабизе къадарав.
-
Малълъарун чи лIугьунарев, буххун хIамил чу лIугьунареб.
-
Малълъарухъаби гIемерлъани, гIадлу холеб.
-
Малълъизе киназдаго лъалеб, гьабизе цояссда гурони лъалареб.
-
Малълъизе чи камуларо, малълъараб босизе бетIер букIине ккола.
-
«Малълъизе чи тIагIаги дур лъималазе!» - ян абурабила цоялълъ. «Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босугеги дуразго!» – ян абурабила дандеялълъ.
-
Малълъизе чи тIагIагиян гьарарабила цоялълъ; малълъараб босизе чи нужерги тIагIагиян хьамурабила дандеялълъ.
-
Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босаги.
-
МалълъичIеб гьабуге, гьикъичIеб бицунге.
-
МалълъичIеб гьабурав, кьечIеб босарав.
-
МалълъичIониги лъалеб, лъалесс гьабулелълъухъ ралагьани.
-
МалълъичIониги лъалей, лъачIониги гьабулей.
-
Малълъ босе гьитIинго, лъеберилI малълъизе ккарассдасса Аллагьасс цIунаги.
-
Малълъа ццебеялдасса ххадуб.
-
Малълъулел гIемерлъани, гIенеккулел дагьлъула.
-
Малълъун гуребила лъалеб, бихьунила (Малълъун гурелила цIцIодорлъулел, бихьунила).
-
Малълъун гуро чудкицца балкан кунеб, куцан гуро царацца къехь бищулеб.
-
МалълъичIого цIцIаларав, цIцIаличIого дурусав.
-
Малълъун чиги лIугьунарев, рахъдал мучариги лIугьунареб.
-
Малълъухъе хьваде, хьихьухъе рукIа.
-
Марагадал гурга габунибги бан, гаргаралълъул хъаба хъорщодаги лъун.
-
Маргъалалълъул берцинлъи, кунада ххун, цIцIикIкIуна, къадруги дагьлъуларо, ххечIого тунин абун.
-
Маргьабацца кантIула, магъалоялълъ кIвекIула.
-
МаркIачIуде вачIунев кIичIудеги вачIунев,
КIичIван тIагъур гIинда бан, богодеги вачIунев.
-
МаслихIаталълъ рекъезарула, мацIцIицца ратIа гьарула.
-
МатIу квешаб бугилан, гIайиб гьелде реххуге,
МатIуялда гIайиб щиб, дур куц квешаб бугони.
(МатIуялда гIайиб щиб, щайтIадул куц бугони).
-
МатIуялда лъураб тIанкI ххеххго бихьулареб.
-
МатIуялда лъураб цо тIанкIалълъ тIолабго матIу ссурукъ гьабула, цо кIкIухIалай гIаданалъ тIолабго гвай ссуризабула.
-
Маххссара гажиялде ссверулеб, меххтел огьогьоялда лIугIулеб.
-
Маххссара гьабе, бакI бихьун.
-
Маххссара лъаларессе маххссара гьабулареб.
-
Маххссара лълъикIаб, кIиго чи велъараб.
-
Маххссараялълъе гIологи гьересси бищунгейила.
-
Махх кьавуялълъ куна, гIадан ургъалицца куна.
-
Маххул гел цIулал гелалде ккарабила,
Маххул нуцIцIа цIулал нуцIцIаялде ккарабила.
-
Маххщалицца нилIеда квен гьаруларо, жинццаго нилIее кьола.
-
«Маххщел бугев» ХIасанил ГIали вукIаго, цоябги оц хъве!
-
Маххщел гьечIев гьабигьан – агьлулъун гьечIев дибир.
-
Маххщелги гьунарги – гьадингояб жо, гьудуллъи бугони, нухда ккола иш.
-
Маххщелги гьунарги ххвалчацца къотIулареб.
-
МахI квешалълъуб тIутI гIемераб.
-
МахIаги гIагIаги гьечIони, мама букIунареб.
-
МахIалда хIал букIаго, хIетI босе.
-
МахIамалъун пер гурев, ГьатIиналъун цIцIан гурев.
-
МахIцараб рекIелIан тIокIкIараб рагIи бачIунареб.
-
МацIцI борхьилги лъан лълъикIаб.
-
МацIцI гьой гуро, гьеб раххссида чIчIоларо.
-
МацIцI гIадамассул кванаге, гIиял кванай.
-
МацIцI кунаро, кваназе жо кье.
-
МацIцI кIалдиб те, кIал богIое те.
-
МацIцI лъаларев цIцIогьор хваги, цIцIар лъаларев тушман хваги.
-
МацIцI лъалев – чода, чол бетIергьан – лъелго.
-
МацIцI ххалатассул гIакълу къокъабила.
-
МацIцIалда гьоцIцIо бугев, рекIелI загьру бугев.
-
МацIцIалда нацIцI барав (МацIцI букарарав чи).
-
МацIцIалда ракьа гьечIеб, гьелълъни ракьа бекулеб.
-
МацIцIалда тIад – гьоцIцIо, мацIцIалда гъоркь – загьру.
-
МацIцIалда хIал кIолаго, кIудиялде ваккуге,
Каламалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге. -
МацIцIалда цIцIам бугев – цIцIанда борохь барав.
-
МацIцIалда чаран лъурай мунги, чарххида цаби ккурай дунги.
-
МацIцIалде гьоцIцIо тIун, гьодилI жо балев.
-
МацIцIид чи чIвала, цIцIогьод оц хъола.
-
МацIцIил цIцIад барав, цIцIогьол гIор щварав.
-
МацIцIихъанасс чияр рукъ, цIа гъвечIого, бухIулеб.
-
МацIцIихъанассул кIал цIцIороги, цIцIогьорассул бер бахъаги.
-
МацIцIихъанассул кIалалдасса цIунаги, цIцIогьорассул квердасса цIунаги.
-
МацIцIицца чи чIвалев, боцIцIуцца вичун восулев.
-
МацIцIххалат, гIакълукъокъ.
-
МачIчIадалда хIанчIида бадиб тIатIи бихьарабила.
-
Маялда мал бани, кьеялда къвал базе кколеб.
-
Маян бихьизе кодобеги кьолебила дуниял, кьурун бахъун, кодоссаги унебила дуниял.
-
Маян кьечIони, дунги хваги, кьураб босичIони, мунги хваги.
-
Маян кьолеб гурони, кьеян гьарулеб къо бачIунгеги.
-
Маян кьураб босичIони, кьеян гьаризе кколеб.
-
Маян кьураб жоялде божи цIцIикIкIараб.
-
Маян кьураб кьагIрил гьан
Квине лъачIев хIалихьат,
ЦIцIай эххеде, беххебе
Хераб гIакдал тIеренчехь.
-
Мегеж танщинав гIакъил гуревила.
-
Мегеж ххалатассул гIакълу къокъабила.
Цо цIцIалунчияссда гьедин хъван батарабила тIехьалда. Валлагьин, дир хIакъалълъулIги гьединаб пикру ккезе бегьулилан, зарукьги ккун, ххутIараб мегеж чIурхIулев вукIанила гьев. Магжида парххараб цIаялълъ гьессул михъалги чIурхIун рехханила.
Цинги доб тIехьалда батараб абиялда гъоркь гьесс хъванила:
«Валлагь, битIарабги букIун буго!»
-
Мегеж хъахIлъанагIан гIакълу ботIролIе.
-
Мегеж хIурул цIун букIаниги кIваричIила, чехь гIорцIцIун бугони.
-
Мегежали дагIнидаги букIунеб, михъалали катидаги рукIунел.
-
Мегежги михъалги гIолелани, Бегунги бихьинчи йикIинаан.
-
Мегежни кIудияб бугоан, гIакълу гьитIинаб гьечIебани.
-
Мегьед кьурай – каранда, керен кьурай – мугъалда.
-
МегIер бичилалде, ххер биче, ххер бичилалде, хьацIцI биче (къадараб ццебе биче, лълъикIаб ххадуб биче).
-
МегIер мегIералде кколаребила, гIадан гIадамассде кколевила.
-
МегIералда нахъаги мегIер батизе бегьулебила.
-
МегIералълъул рикъзи метер бачIунеб.
-
МегIералълъ кквечIеб авлахъалълъ кколареб.
-
МегIер кIкIванищ? ГIор кIкIванищ? (Яшав гьабизеги гIадамазулгун хIал рекъезабизеги гьедигIанассеб захIмат баччизе кколилан абураб магIна).
-
МегIер мегIералде щун бугилан абуни, божа; гIадамасс ругьунаб гIамал тун бугилан абуни, божуге.
-
МегIер радал беге, гIор къаденахъе беге.
-
МегIер цIураб гIиялIа гIангис гIоркIкIен бищарав, хъутан цIурал цIцIаналIа цIцIодегIен балагьарав.
-
МегIергун барщун, гIанкIкI тIубаларо.
-
Мекъаб нух ккурассе битIараб нух бецIцIаб.
-
Мекъаб цIул гIадав, цIулалълъ ноцIцI гIадав.
-
Мекъалда асскIоссанила ритIухълъи унеб.
-
Мекълъи – гIакълуялълъул загIиплъи.
-
Мекъиял нухал гIемер рукIуна, битIараб цо гурони букIунаро.
-
Мекъсса гьабуниги, цин-цин битIун кколеб, битIун гьабурабги цин-цин мекъсса кколеб.
-
Мекъи кколарев гIакъил ватичIев, нух къосунарев ццевехъан ватичIев.
-
Мелъел – лъолъол, лъеретI – гъогъол, гъедел – цIулал, цIцIилкьал – ролIул.
-
Мергил зуни зобалазде рагIарай.
-
Мерго меседилай, тIагъди гIарцулай.
-
Месед балагьизе арав, гьеб бухъулаго, хваравила.
-
Месед букIин гIоларо, меседил квералги рукIине ккола.
-
Месед кьавуялълъ кунареб, гIарац гIонкIкIоцца унареб.
-
Месед лъала биани, чи лъала боцIцIуда гьоркьов, чу лъала рилълъадалъун; квешай чIчIужугIаданалълъул макруялда ххадув щивниги гъоларо.
-
Месед хъванилан, хъирмил багьа холареб.
-
Меседалда асскIоб лъуни, маххги кенчIолебила.
-
Меседалдасса меседил кверал лълъикIал.
-
Меседалълъ ракъи кколаро, гIарацалълъ къеч хьваларо, нахърател богIол гьабе.
-
Меседги какула, кодой щвечIони,
Какизе бегьилищ, дуе щвечIони. -
Меседил бацIцIалъи бииндал лъала, чияссул вацIцIалъи вихьидал лъала.
-
Меседил кверазул багьа гьечIеб, гьел ричун росизе щоларел.
-
Меседил къимат къотIаралъубила букIунеб.
-
Меседил къимат устарассда лъала.
-
Меседил кьили чIваниги, хIама хIама буго, чу чу буго.
-
Меседил лълъикIлъи – кьаву чIвангутIи, чияссул лълъикIлъи – гьересси бицунгутIи.
-
Меседил хIал цIадабила лъалеб, чияссул хIал хIалтIулIила лъалеб.
-
Меседил ца бугев, царал рачIчI бугев.
-
Меседил цаби ругессе гIемер хьимхьидизе бокьулеб.
-
Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас.
Мадугьалассул вас вачIун вуго, метер лалде оц биччаларищан гьикъизе витIанин инссуццайилан.
- Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас, - ан абун буго мадугьаласс.
Метер лал тIамилалде, лалил бетIергьан хун вуго.
Кициялълъ бицунеб буго инсанассул гIумру лахIзаталълъги божи бугеб жо гурилан.
-
Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, метер цIцIалилилан дарсалги тоге.
-
Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, регIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге.
-
Метер гьабулелде жакъа ургъе.
-
Метер жужазе бугилан, жакъа рукъ лълъухьичIого тоге.
-
Метер кколелълъул пикру гьабулессул бахIарчи вахъунаревила.
-
Метер къоялълъул хIисаб гьабичIев нахъа пашманлъулев.
-
Метер семиялдасса жакъа рагъи лълъикI.
-
Метер щолел гьаналI пурщабаздасса жакъа щолел хъабхъилI пурщабиго лълъикI.
-
Метералде тараб ссезеялде нахъбахъарабила, ссезеялде тараб гьоркьоб арабила.
-
Метерго хвелел гIадин динги гьабейила, кидаго хвеларел гIадин дунялги гьабейила.
-
Метерисселълъул пикру гьабуларессул жакъассебги букIунареб.
-
Метерисса бохха, цер! (Билълъидалго бохха, цер!)
ЦаратIинчI ун букIун буго къватIибе. Гьелда гIодоб батун буго цо нус. Гьеб берцин бихьараб царатIинчIалълъ нус кIкIун биччан тун буго. ЦIакъ боххун рокъобеги бачIун, жинда батараб носол хIакъалълъулI эбелалълъе бицун буго.
- Кибхха гьеб бугеб?
- Дицца гьеб къулчIчIана, эбел?
- Метерисса бохха, цер!
Метерисса царатIинчI, чохьол унтиги бахъун, хун буго.
-
Мехх щварал къинлъила, къо щварал хвела.
-
Меххтараб гIонкIкIоцца катида инссул цIцIар цIеххарабила.
-
Меххтарав чияссе кьураб гIакълу – гIурулIе реххараб чIимихх.
-
Меххтарассул дагIба-рагIи гIемераб, дандеяссул зарул пирххи гIедераб.
-
Меххтарухъанассда яхI букIунареб, хIинкъарассда нич букIунареб.
-
Меххтизабуни цIцIелжо бацIгун багъулебила.
-
Меххтун велъила, вигьун гIодила.
-
Микк чIаралълъуб микк бижула, чинари чIаралълъуб чинари бижула.
-
Милат кIудияб букIунила, гьелълъул тарихх кIудияб бугони.
-
Милаталда тIад вугев чияссул бетIер гьегьгIанаб букIине кколеб.
-
Мимидулеб катихъе кидаго гIункIкI щолареб.
-
Мина базе захIматаб, биххизе бигьаяб жойила.
-
Мина босулелълъул, мадугьал цIеххе.
Налъукьеги ккун, цоясс мина бичулеб букIун буго. Гьелълъул багьа чIчIезабун буго къого томен. Минаялълъул бетIергьан чIчIун вуго жинцца гьеб кIикъого томеналдасса гъоркье кьеларилан. Босулев чи чIун вуго къого томеналълъул багьаяб минаялълъухъги кIикъого томен абиялълъул магIна жинда бичIчIунарилан. Бичулесс гьессие жаваб кьун буго: къого томен рукъзабазухъги кколила, къого томен мадугьалассухъги кколилан. Босулев чIчIун вуго минаялда цадахъ мадугьалги вичулевлъи жинда рагIун букIинчIилан. Минаялълъул бетIергьанасс абун буго: рес букIарабани, азарго томен дуцца кьуниги, мадугьалассдассаги минаялдассаги жив ватIалъилароанилан.
Ургъун вихьилилан, мина босулев нахъе ун вуго.
Сапаралдасса вуссарав мадугьалассда бицун буго гьессул мадугьаласс рукъзал ричулел ругилан. АхIун рокъовегун, гьесс мадугьалассда гьикъун буго: кигIан налъийила дуда бугеб, щайила дуцца рукъзал ричулел ругел?
Мадугьаласс, киссинисаги бахъун, гьессие къого томенги кьун буго, дагьабги хIажалъани, нахъеги вачIаянги абун буго.
Цо заманалдассан дов чи вачIун вуго жиндир хIукму кканин, дуцца абураб багьаги кьун, рукъзал росизеян. Рукъзабазул бетIергьанасс гьессие мадугьалассулги жиндиргоги ккараб бицун буго.
Дур мадугьалассул багьа къого томен букIун гьечIин, азарго букIун бугилан абунила гьесс рукъзабазул бетIергьанассда.
-
Минуталълъ нахъа ххутIарав сагIаталълъ ххадув гъоларев.
-
Мискинаб рукъалълъул мискинлъи баххчулеб жойила гIака.
-
Мискинав вацассдасса бечедав ццинагIал вокьулевила.
-
Мискинав вачIун, гьарун ина, залимав вачIун, бахъун ина (Мискинав вачIун, гьарун инебги лъаларо, залимав вачIун, бахъун инебги лъаларо).
-
Мискинав ваццгIал – ццинагIал, бечедав ццинагIал - ваццгIал.
-
Мискинав вукIа, бечедав вукIа, доре унелълъул – цого мусру.
-
Мискинавилан росулI рагIизегIан, къарумавилан цIцIоралде рагIизе бокьилила.
-
Мискинассде гьойги ххеххго бортулеб.
-
МискинавгIан чи яхI-намус цIцIикIкIарав вукIуневила.
-
Мискинассе заз гIадав, залимассе нах гIадав (ХIалимассе – хъиру, хъачΙассе – квасквас).
-
Мискинассе къваригIиндалила гIор къунеб.
-
Мискинассеги вакъарассеги бокьараб тIагъур данде кколебила.
-
Мискинассул – гьари, бечедассул – хIал.
-
Мискинлъаниги рагъулел росс-лълъади, бечелъаниги рагъулел.
-
Мискинлъи баххчулев бечелъуларев, бечелъи ххирияв жо гIун холарев.
-
Мискинлъи бугила балагь, гIагарлъи нахъе цIцIалеб, тушманлъи тIаде цIцIалеб.
-
Мискинлъи лълъикIаб жо ани, бищун ццебе дибирасс жиндиего гьарилаан.
-
Мискинлъи рогьо гуро, бечелъи гьунар гуро.
-
Мискинлъиги ракъиги – яццгIалзабийила.
-
МискинлъичIого гьудул лъаларевила.
-
Мискинлъиялда велъулев, вежа-велъун вахъинчIев.
-
Мискинлъиялдасса бакIаб гьир гьечIеб.
-
Мискинлъиялълъе дару – хIалтIийила, хIинкъиялълъе дару – таваккалила.
-
Мискинчи бечелъани, кIиго чIчIужу ячуней,
Бечедав мискинлъани, цIцIогьодизе лIугьунев. -
Мискинчи вукъизе кьураб нусго гъурущалдасса чIаго вукIаго гьессие кьураб гъурущ бергьунебила.
-
Мискинчи - живго мискинав, къарумассул – ракI мискинаб.
-
Мискинлъи – росдал балагь, ссадакъа – ракъул балагь.
-
Мискинчи тIадеялълъул бечедав.
-
Мискинчи ххасало лъалев.
-
Мискинчи ххиялаз бечелъулевила.
-
Мискинчиясс бечелъи хIехьолареб, бечедав чиясс мискинлъи хIехьолареб.
-
Мискинчиясс ссахIие гIоло мегIер бегулеб.
-
Мискинчияссда велъуге, бечедассде хьул лъоге.
-
Мискинчияссе дару – хвей.
Мискинчияссул букIун буго, гьелълъул мугъалда хур бекьун, хъизан хьихьараб цо гьирил чу. Цин-цин, дагьабниги тIаде гьан бахинеян, гьесс гьеб гъолеб букIун буго магIарде. Чолни гьод цIцIоролалдего, гъарим мискинчи ине кколев вукIун вуго гьеб нахъе бачине. БетIергьанчи вихьараб меххалълъ, чу хIихIидулеб букIун буго. Ассги жаваб кьолеб букIун буго: «ХIи-хIи-хIи! - щиб букIинеб, дир гъарим, я мун хваги, я дун хваги! Гурони нилIее рахIат гьечIо!»
-
Мискинчияссе квекIен гIемераб, бечедав чияссе кумек гIемераб.
-
Мискинчияссе цIцIамуда ччураб ххинкIги гьуинаб, бечедав чияссе гьоцIцIоги цIцIекIаб, цIцIибилги кьогIаб.
-
Мискинчияссул багьа – къого куй, нуцалчияссул багьа – нусго куй.
Тариххаз гIемерал мисалаздалъун нилIеда бицуна ракьул бетIергьабаз кигIан цIакъ жидерго къимат гьабулеб букIараб, мискинчи кигIан къимат гьечIевлъун, гIодовегIанавлъун гьез рикIкIунев вукIаравали. Ракьул бетIергьабаз жидер балъазда, ххассал балъазда, рихьизарулел рукIун руго лагъассул, узденассул, нуцалчияссул батIи-батIиял къиматал. Гьел къиматал хIисабалде росулел рукIун руго чIвай-хъвей, лIукъа-къотIи ккараб меххалълъ рахъулел рецIелазеги.
-
Мискинчияссул бечелъи – сахлъи.
-
Мискинчияссул гьудул дагьав, рохь гьечIеб магIарда чан дагьаб.
-
Мискинчияссул нуцIцIида нахъа жул букIунебила, рокъобе бачIараб бечелъи лълъухьун реххизе.
-
Мискинчияссул рокъоб къецц гIемераб.
-
Мискинчияссул рукъ – росу рагIалда, апарагассул хоб – хабалазул рагIалда.
-
Мискинчияссул тушман гьечIев, лълъиегони вокьуларев.
-
Мискинчияссул хур хханассул мегIералда бащадаб.
-
Мискинчияссул хIорго ххутIарал гъудал.
Мискинчиясс жиндирго хуриб бекьун букIун буго цIцIороссоролI. Гьава-бакъ рекъараб сон букIиналълъги, чIаран, хъуссун лълъикIго хъулухъ гьабидалги цIцIороссоролI цIакъ хIалигъун бижун бачIунеб букIанила. Мискинчиясс пикру гьабунила: исана дие хурисса лълъикIаб бачIин щвезехъин буго. ТIаде-гъоркье чагIиги рачIина, киназегони гIурал гъудал дир къавулI гьечIо. Валлагь, бачIин бакIарилалде, дун рохьове гъудал гьаризе ун лълъикI!
Жиб-жиб къоялълъ хъулухъ гьабулеб букIараб хурги жибго тун, мискинчи, гIащтIиги бикIароги босун, рохьове къокъанила. КъотIанила цо лъорил гъветIги, гьарунила гIезегIанго гъудалги.
Мискинчи тIад вуссиналде, рохьил болъоназ пасат гьабун батанила хур. Бахъун чIараб цо хIуби цIцIороссоролIулги тун гьечIоанила, бухъ-бухъун бан хурги хвезабун бугоанила…
Гьеле гьедин хIорго ххутIун руго мискинчияссул гъудал.
-
Мискинчияссул яс берцинай лIугьаги, вас лебалав лIугьаги.
-
Михъида квер бахъулеб меххалълъ гьабичIеб жо магжида квер бахъулеб меххалълъ гьабун бажарулареб.
-
МичIчI бекьаралълъуб – мичIчI, жух бекьаралълъуб – жух.
-
МичIчIида мичIчI бижулеб, жухида жух бижулеб.
-
МичIчIил кьолбода кьагIрил ххер бижуларо, кьурул нохъода гIарац-месед бижуларо.
-
Могоро бан гуревила дибир реххулев.
Дибирассда лъазабун буго метер бачазул иргаялде айилан. Дибирассул чIчIужу гIелгун къаццандизе лIугьун йиго, дибир бачазул иргаялде витIулеб гIадат гьечIилан.
- Мун юцIцIун чIчIа! Могоро бан, дибир реххуларев, бачазул иргаялде аян лъазабураб гIола, - ян абун буго дибирасс.
-
Могьое – гьали, гьанае – кватIи.
-
Могьол хIурмат гьабурав вакъун ххутIуларев.
-
Мокъ гьечIеб гIанкIу гIадин ххутIун вугила.
-
Мокъ ккун босизе кини гурел, квер ккун бачине лъимер гурел.
-
Мокъиде хъазги бахинабун, хIелкида къинлъеян абуге.
-
Мокъокъ буго къвакъвалеб къасси бертин бугилан, микки буго гъулгъулеб цадахъ жибги бачеян.
-
Мокъокъида чIор речIчIани, чIоролида зунтIулеб.
-
Мокърукь бетIер тункичIого, гIакълу щолареб.
-
Моххмоххалълъул нахалда чIоролодул нах бахунареб.
-
Моххмоххги кIудияб, квасги ризаб куй букIунареб.
-
Моххмоххиде хьулги лъун, хьолбодассаги ватIалъун.
-
Моххмоххил маргьа бице, дада, моххмохх кварал гIадин рукIине.
-
Моххрода хоно бухьунге, оцода данде баси баге.
-
МоцIцI бугони, цIцIваби щай?
-
МоцIцI канлъулеб рещалъидал, яс берцинлъулей балугълъидал.
-
МоцIцI нилIехъан бугони, цIцIвабзазул хIал кколаро.
-
МоцIцIиде гьабураб щвартIалдеги биххулеб.
-
МоцIцIроде хIапдолеб гьой гIадин.
-
МоцIцIрол гьумералдаги тIанкIал рукIунел.
-
Мочол мугь гIанассел нилI рокьани, оцол бергIанниги нилIееги рокьулелила.
-
Мугъ бекаяссул эбел, вас гьавулей йикIарай, оц гIорцIцIизе чIарги хун, чIвараб накуги унтун!
Кицилъун лIугьарал ххалкъалълъул рагIаби руго хIалихьатав васассде абурал. Абун ратизеги бегьула гьессие гIоло наку чIварай эбелалълъ.
Кициялълъ бицунеб буго некIого нилIеда кIочон тараб цоги жоялълъулги. РацIцIалъи букIиналълъул мурадалда, хIара чIварай чIчIужугIаданалда гъоркье реххулеб букIун буго бакъвараб чIарал квацIи. ЧIарахъан абураб рагIиги гьелдассан бачIараб букIине ккола.
-
Мугъ биччичIони, хур биччулареб.
-
Мугъ ссверунги чехь бугев.
-
Мугъ ххалатаб чу гуро, чехь кIудияб оц гуро.
-
Мугъ чIвазе бакI бугони, зарул пирххи букIуна.
-
Мугъ чIвазе бегьулев гьудулассде щвараб жо щибго гьечIеб.
-
Мугъалда квер бахъулев, чахьалда малал ралев.
-
Мугъалълъ баччиялдасса чехьалълъ баччи лълъикIаб.
-
Мугъзада чед букIаго, чехь бакъизе биччаге.
-
Мугь бищун, бечелъуларевила, борч тIубан, мискинлъуларевила.
-
Мугь гIемер гьализабе, гьан кватIизегIан гьагIдалI те (Могьое-гьали, гьанае – кватIи).
-
Мугь-мугь ккун реххунила гIанххрил мигьирги гIолеб.
-
Мугь цIубайдал, тIор къулулеб, пихъ бакIлъидал, гъветI къулулеб.
-
Мугьалде мугь реххунила къали гIолеб.
-
МугьгIаналълъул тIагъур гьабуге, тIутIгIаналълъул пил гьабуге.
-
МугIрул гIариялдассаги цIунаги, гIи гьечIеб хъвехъариялдассаги цIунаги.
-
МугIрул гIундул цIцIодорал, гIалххул берал цIцIодорал.
-
МугIрул каву гIатIидаб, гIалххул берал цIцIодорал.
-
МугIрул ракьандаги гIурул рагIалдаги чи вакъичIевила.
-
МугIрул рохьаз берцин гьарула, рукъ лъималаз берцин гьабула.
-
МугIрул рукъ – буртина, рукъалълъул хIуби – чIчIужу.
-
МугIрул рукъги рукъалълъул хIубиги гьаруларебила.
Цо гIандиссев буртабалълъе ун вукIанила. Цо лъалев-хъвалев буртисесс гьассда жиндирго гьобол цIехханила. Дагьал къояздассан жив ГIандиве вачIине вугин ва гьоболассда буртина гьаризе бугиланги бицанила.
ГIандиссев рокъове щванила. Буртиссессул гьоболассда гьев буртиссев вачIинехъин вукIинги гьесс буртина гьаризехъин букIинги бицанила. Гьарани кьелеб батилаххаян гIандиссессги абунила.
Цо анкьидассан буртиссев вачIанила ГIандиве. Цо кIудияб къваригIелго гьечIого вачIиналълъул, гьоболассда гьаризе цо жо букIиналълъул бицанила. ГIандиссесс, буртиссессул бицунеб жоги гьоркьоб къотIизабун, абунила:
- ЛълъикI буго, гьобол, бокьараб жо гьаре, кьела. Цинги мугIрулги рукъги рукъалълъул хIубиги гьаризе бегьуларебхха.
Хъассулаго гъванщагун, буртинаялде букIараб хьулги хIорлъун, буртиссев нахъ вуссун ун вуго.
-
МугIрул хьон битIаги, хьиндал пихъ битIаги.
-
Макъан – Гъуниб, кьурдулел – Ххунзахъ.
-
МукIурлъиги – бахIарчилъи.
-
Мун бечелъизегIан бечедги чIчIечIин,
Бичилищ, эбелхвад, нухда гъоркьа хур?
-
Мун, букIинчIеб рокъоб рекъечIеб кето, нухтIа битIун билълъа, батIергьанчихвад.
-
Мун вахине гохI балагьулев дун – дун реххизе кIкIал балагьулев мун.
-
Мун вихьила, дун йихьилаялълъул лълъикIаб жо кколаро.
-
Мун вичIчIуларезде ургъел бикьулареб.
-
Мун вокьулев чийилан рекIелI бугеб бицунге, дуцаго цIуничIеб жо чияцца цIунулареб.
-
Мун вокьулессде рокьоялълъ гIагарлъе, вокьуларессдасса къол нухалълъ рикIкIалъе.
-
Мун гъалбацI ватани, гIадамалги гIанкIкIал гурел.
-
Мун гIадиналин гIадамалги рукIунел, дуе гIадинин гъозиеги бокьулеб.
-
Мун, заманалда рекъон, хьваде, заман дуда рекъон хьвадулареб.
-
– Мун кибе, гьитIинаб?
– КIудияб балагьизе. -
Мун кида биххилебилан гьикъарабила къадада.
ХIарщуда гьикъейилан жаваб кьурабила къадацца. -
«Мун кида хвелеб?» – ан гьикъарабила къохьода.
«Нахуда гьикъе», - ян жаваб кьурабила къохьоцца. -
Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIунин, дурни устарги киданиги бахъинчIилан абурабила бацIицца гъотIоркIоялда.
Рехъалълъа кьегIерги хъамун, тIурун унеб букIанила бацI. Цо гъотIокье щвейгун, гьелда чIинхъи чIванила. ГъотIода чи вугиланги ккун, гIодобе кьегIерги реххун, тIуранила бацI. Дагьаб добегIан щвейгун, лъалхъизеги лъалхъун, нахъбалагьанила. ГъотIода чи вукIун гьечIила, роххти борлIулеб гъотIоркIо букIун бугила. «Дуда чIчIегIераб къо чIчIад! – ан абунила бацIицца гьелда. – Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIуна, дурни устарги киданиги бахъинчIо!».
ГъотIоркIоялълъ данде гьадин къотIанила: «ЧIчIегIераб къоги, бацI, дудаго чIчIаги! ГIумру чахъаби рикъулаго аниги, дурги гIияхъан лIугьинчIо».
Гьалда щай жиб кIалъарабан ракIалдеги ккун, бацIицца ххазабунила.
-
– Мун кисса?
– Жеги чIчIужу ячинчΙо. -
Мун къватIиссайилан дир къеццен гьечIо,
РосулI къотIуларо къебедасс месед. -
Мун кьижун вукIунев, дур тушман кьижуларев.
-
Мун кIодо гьавурав дуццаги кIодо гьаве, даим кIодолъи жиндиего къваригIарассда асскIовеги къаге.
-
Мун кIочон тезегIан гIемерги кьогейила, Аллагь, дие боцIцIи, гIадамал гурхIизегIан дагьабги кьогейила.
-
Мун лъелго вилълъине ккелароан, чода кIалдиб таргьа балебани.
-
Мун лълъикIабилан абуни, хIамикIертги боххулеб.
-
Мун лълъил гьакида рекIаниги, кечI гьессул бакъаналда ахIе.
-
Мун мегIер ватаниги, цогидал мугIруздеги мугъчIвай гьабе.
-
Мун хвела, дур лълъикIлъи кидаго хвеларо.
-
Мун хIинкъизе кколаро – ккезе биччаге мунагь; гьеб чуризе кколаро – гьабуге ххияналъи.
-
Мун цер ватани, дунги царал рачIчI ккола.
-
Мун цIакъабилан абуни, хIамикIучIги кьурдулебила.
-
Мун цIцIализе унелълъул, дун цIцIалун вачIунев вукIана.
-
Мун чи ватани, чухъа ретIараб гIоларо, чорххолI гIадамассул тIабгIги букIине ккола.
-
Мун чи ватилилан восун вукIана,
ТIад пихъ бижулареб чинаридул гъветI.
Чи мун вугилан ккун, восун вукIана,
Чурун бацIцIунареб цIцIел квасул турут.
-
Мунагь бугейила, буйзе ккани, кIудияб буйила.
-
Мунагь камурав чи вукIунарев, гIайиб камураб квен букIунареб.
-
Мунагьазул унтиялълъе дару – тавбу гьаби, чорххол унтиялълъе дару – кванил низам чIчIезаби.
-
Мунагьго гьечIей яс ялагьулаго, чIчIужуго щвечIого, ххутIаравила.
-
Мунги – ххан, дунги – ххан, хIама лълъицца гьекъелеб, хуриве щив инев?
-
Мунилан холев дун, дун хабалалълъе восагиян мун.
-
Мунго дудаго лъачIого, чияде рагIи абуге.
-
Мунго дуццаго!
Вехь вукIаравила хъощнив ххинкIал гьарулев. БачIарабила гьессда асскIобе цо щайтаналълъул тIинчI. Гьеб гогьаб тIанчIицца гьессул лъел цIураб парччи бегизабурабила, хьагинибе лахI бортизабурабила. Вехьасс кигIан лълъикIаб бицаниги, гьелълъ вехь цо хIалалда течIевила. Ццин бахъарав вехьасс щайтIаналълъул тIинчI, бан малгун, къватIибе реххарабила. ЧIичIидулаго гьеб лIутун унеб меххалълъ, ахIарабила вехьасс: «Дицца гуро мун, мунго дуццаго!» – ян
ЧIичIидулаго жидер тIинчI бачIунеб бихьараб меххалълъ, щайтIабазул ахIи бахъарабила. «Лълъица мун? Щиб дуе?» – ян вехьассул хъош бугеб рахъалде рекерулел рукIаралила. ЩайтIаналълъул тIинчIалълъ жаваб гьабурабила: «Дунго диццаго, дунго диццаго!» - ян.
Мунго дуццаго бугеб меххалълъ, щай ниж ахIуд рахъинаруралан, щайтIаби, тIинчIги буххулаго, нахъ руссаралила.
-
Мунго дуццагоги веццуге, гьечIеб гьунаралдассаги чIухIуге.
-
Мунго гьалаг гьавулеб гьаваялда рекIунге.
-
Мунго тIассайилан мунги ватила, тIассатIохда рукIун, дудаго релъулел гIадамалги лъаларого.
-
Мунищ наиб, дунищ наиб?
Гьадин абула, гIагарав чияссул хIакимлъиялде мугъги чIван, жидерго хIакимлъи билълъинабизе бокьулел, кколарел ишал бетIералде росулел гIадамазул хIакъалълъулI.
Аби бачIун буго Шамилил наиб Инквачилассдассан. Гьессул эбел лIугьуней йикIун йиго гIарзалълъ рачIаразул ишалда гъоркьое. Наибасс эбелалда абулел рукIун руго гьал рагIаби.
-
Мурадалде щун, щивниги хвечIевила.
-
Муса аварагасс Аллагьассда гьарарабила жинде гIадамал гаргадизе риччагейилан. Аллагьасс абурабила жиндего гаргадизе гьукъуларел гьел дуде гаргадизе кинин гьукъилелилан.
-
Муса хурив вугониги, хурив Муса вугониги – цого жо.
-
МутагIилзабазул цIцIалиялдасса цIцIогьол гьанал цIураб къвачIа бокьила.
-
МутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал, гIухьбиги рикIкIани, гIантал гIемерал (хварал гIемерал).
-
МутагIиллъун вас вугесс яс гьечIилан абуге.
-
МутагIиллъун вугев васассдассаги россассе кьурай ясалдаги гьимун ца бихьуге.
-
МухIума хвеялдасса ГIума хвейго лълъикIила.
-
Мучариги чед гуро, чухъаги ретIел гуро.
-
Мухь босиларилан аби – устарассулги гьересси, россассе инарилан чIчIей – ясалълъулги гьересси.
-
Мухь гуреб жо кьун, вехь гурев чи тоге.
-
Мухь щолареб хIалтIухъ баркалаги – мухь.
-
Мухьни кьеларин, баркалагIаги щай кьолареб?
-
МухIканлъи – шартI (МухIканлъи шартIилан, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх барабила).
«МухIканлъи шартI» абураб кици тола, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх баялда бухьинабун, релъа-роххун. Гьебни буго мухIканлъиялълъул хIакъалълъулI бугеб гIакъилаб кици.
Хханасс пикру гьабулеб букIанила, жиндир вазирзабазда гьоркьосса кинавдай пуланаб вилаяталде хIакимлъун витIилаян. Гьесс хъулухъчагIазда буюранила, жиндир тIотIола гъадринибе тIун лълъимги лъе, къотIараб рахъги гъоркьеххун гьабун, гьенибе бащдаб гIечги реххеян.
Цинги ахIанила цо вазир. Гьикъанила гьессда гьаб гъадриниб бугеб жо щибилан. Вазирасс жаваб кьунила гIеч бугилан.
Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила цоги вазир. Гьессиеги кьунила гьагъабго суал. Гьессги жаваб кьунила лълъелIе реххараб гIеч бугохха, хханилан.
Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила лъабабилевги. Гьессиеги такрар гьабунила гьагъабго суал.
- МухIканлъи – шартIан абун гьечIищхха, кIудияв ххан, – анги абун, лъабабилев вазирасс цо гьитIинаб гIучI балагьанила. Цинги, бегунисса реххун, битIунисса реххун гъадриниб бугеб жогун, хханассе кьучIаб жаваб кьунила: «Гьаб бугохха, ххан, лълъелIе реххараб бащдаб гIеч».
Хханасс гьев вазир витIанила доб вилаяталде хIакимлъун.