top of page

БИЩУНГО ЩИБ КЪУВАТАБ?

 

Цо нухалда квачараб ххасало лъарахъе лълъим гьекъезе араб Бече, цIцӏердассан хъуштIун, гӏодоб речӏчӏун буго. Гьеб бихьун буго Бече гьекъезе бачун вачӏарав гьитIинав васассда, Къебедида. Къебедицца Бачида гьикъанила:

- Бече, ва Бече, мун цIакъго къуватабищ бугеб, ялъуни дагьгойищ? — ан.

- Дун къуватаб букIарабани, гьудул Къебед, дун лълъеда чIвараб цIцӏороцца гIодоб лъелароан, - илан абун буго Бачицца.

Васасс ЦIцӏорода гьикъанила:

- Цlцӏер, ва Цlцӏер, мун къуватаб бугищ? — ан.

- Дун къуватаб букIарабани, Бакъуцца биинабилароан.

Васасс Бакъуда гьикъанила:

- Бакъ, мун киназдассаго къуватабищ бугеб? - ан.

- Киназдассаго дун къуватаб букIарабани, Накlкӏуцца дун баххчилароан.

Васасс НакIкIуда гьикъанила:

- НакIкI, ва НакIкI, мун ссундассаго къуватабищ бугеб? - ан.

- Ссундассаго дун къуватаб бугебани, гIиссинаб ЦIцӏадацца дун бихха-ххочизабилароан.

Васас Цlцӏадада гьикъанила:

- ЦIцӏад, мун ссундассаго къуватабищ бугеб? - ан.

- Дун ссундассаго къуватаб бугебани, Ракьуцца дун жанибе кIкIвинароан.

Васасс Ракьалда гьикъанила:

- Бицея, Ракь, мун бищунго къуватабищ кколеб дунялалда? – ян.

- Дунялалда дун бищун къуватабани, дида тIад, Ххер бижилаанищ?

Васас Ххарида гьикъанила:

- Ххер, бицея, бищунго къуватаб мунищ кколеб? - ан.

- Дун бищунго къуватабани, дун гIияда квинароан.

Васасс гIияда гьикъанила:

- Дир ххириял чахъаби, дунялалда бищунго къуватал нужищ? - ан.

- Ниж бищунго къуваталани, вехьасс доре-гьанире хъамилаанищ ниж?

- Вехь, бицея, бищун дунялалда къуватав мунищ? -абун гьикъанила Къебедица.

- Дун бищунго къуватав вукIаравани, дир тIомохьитазул чIалал ГIонкIкlоцца квинаандай?

- Бицея, Гlункlкl, дунялалда бищунго къуватаб жо мунищ кколеб? - ан гьикъанила васасс.

- Дун бищунго къуватабани, Катицца дун кунебандай?

Васас Катида цIехханила:

- Бицея, дир Ицико, гьаб дунялалда бищун къуватаб мунищ кколеб? - ан.

- Дун ккола, валлагь! - ан ахIанила Катицца. - Къуватабги дун, цIакъабги дун, квас чIвалеб гьаркьил магIал rIaдал, гIассиял цабиги дир, дун кколеб хьури-къедги гьечIеб, нуцIцӏа-гъалдуги гьечIеб, тIорахь-рахьги цIакъ бокьулеб, михъалги кьурулел дицца. Мив! Мив! Мив! - абун ццебе чIчӏанила Кету.

bottom of page