top of page

ЧIчI Z

1. ЧIчIараб гьабицца гIатI ххунареб.

2. ЧIчIараб лълъим махIцинчIого ххутIуларо.

3. ЧIчIарассул малъ кIутIулареб, кIалъаларев мекъи кколарев.

4. ЧIара-хьарав гурев бихьинчи – ритIучIил хIацIцIу.

5. ЧIчIарацца – рахь, чуруцца – нах.

6. ЧIчIегIераб букIа, хъахIаб букIа, гьой буго гьой.

7. ЧIчIегIераб гIакдалги букIунеб хъахIаб рахь.

8. ЧIчIегIераб щакъиялъин хъахIаб кагъат басунеб, чIчIегIераб тIурччиялълъин багIармесед биунеб.

9. ЧIчIегIералда чIчIегIерабилан абизе, хъахIалда хъахIабилан абизейин кIал букIунеб.

10. ЧIчIегIергIоралълъ бачIараб БагIаргIоралълъ гъанкъулеб.

11. ЧIчIикIизегIан гьуинавги вукIунге, туйзегIан кьогIавги вукIунге.

12. ЧIчIинкIилассдасса гIабдалго лълъикI.

13. ЧIчIинкIилассе дагьаб лъаниги гIолеб, гIалимчияссе дагьабги лъазе бокьулеб.

14. ЧIчIужу абилалде, цо духъгоги валагье.

15. ЧIчIужу бараххщарай лълъикIай, росс саххаватав лълъикIав.

16. ЧIчIужу берцинай йикIин россассе рецц гуро.

17. ЧIчIужу гIакъилай яче, гIадалаб гIанкIуялълъ цIцIодораб хоно гьабулареб.

18. ЧIчIужу егани, рукъ бегулеб.

19. ЧIчIужу ецце, ячун къого сон бараб меххалълъ.

20. ЧIчIужу инжит гьаюлев чи – Аллагьассул тушман, ятим къварид гьавулев чи – Аллагьассулги ххалкъалълъулги тушман.

21. ЧIчIужу квешассул мегеж ххеххго хъахIлъулеб.

22. ЧIчIужу къокъай йигониги, нодо чIвазегIан гIодове къулунги, гIакълу дандбай.

23. ЧIчIужу лълъикIаб рукъ лъазе годекIанире ралагье.

24. ЧIчIужу лълъикIав росс – лълъикIав, чIчIужу квешав росс – квешав.

ЦоцалI лълъикIав кIиго ваццги гьезул хъизаналги рукIун руго. Цояв вацц жиндирго чIчIужуялда ццеве веццарун вуго жал гIадал цоцалI гьуинал ваццалго ругодаян.

Лълъил гьунарилан дуда гьеб кколебилан гьикъун буго чIчIужуялълъ.

Нижер гьунархха! – ян жаваб кьун буго россасс.

Ун руго къоял. Гьазул бакIалде вачIун вуго гъов цояв ваццассул гьитIинав вас. Гьассул чIчIужуялълъ жиндирго васассеги ваццассул васассеги кьун буго цо-цо гIанкIудул хоно. Азул вас гъове араб меххалълъ, дандияй нусалълъги кьун буго кIиявго васассе цо-цо хоно.

Гьанже ццебеккун ханал кьурай гаргадун йиго жиндирго ваццассда - «Балай бихьизе, дицца дур ваццассул васассе хоно кIудияб кьуна, нилIерассего гьитIинаб кьуна. Дур ваццассул чIчIужуялълъин абуни, жиндирассего кIудияб кьун буго!».

Ваццассда захIмалъун буго жиндир васассе гьитIинаб хоно кьей. Гьелдалъун кIиявго ваццассда гьоркьоб кьал ккун буго.

«Ле, лълъикIав чи!» – ян абун буго чIчIужуялълъ жиндирго россассда, – ГIанкIудул ханил кIодолъи-гьитIинлъиялда тIад вагъулев чийищ лълъикIав чиян веццарулев вукIарав? Россассул лълъикIлъи-квешлъи чIчIужуялда барабин букIунеб!».

25. ЧIчIужу мадугьалассул лълъикIайила берцинай.

26. ЧIчIужу рекъарай нусги щвечIо, вас рекъараб чуги щвечIо.

27. ЧIчIужу хварав къасси гIодулевила, оц хварав къад гIодулевила.

28. ЧIчIужу хвей – цо балагь, чIчIужуйилан цоги балагь, тIаде ккей – кIиго балагь.

29. ЧIчIужу чияр берцинай лълъикI, чу нилIерго берцинаб лълъикI.

30. ЧIчIужу ячани, чIчIужу щола, россассе ани, росс щола.

31. ЧIчIужу ячарай гIолареб, чIчIужуялълъе россги къваригIунев, руссунги къваригIунеб.

32. ЧIчIужу яче, чияе инчIей, чу босе, чияца рекIинчIеб.

33. ЧIчIужу ячин – моцIцIил роххел, гIумруялълъул ургъел.

34. ЧIчIужу ячине – херав, хвезе – бахIарав.

35. ЧIчIужу ячунге чадил мучари гьабулей.

36. ЧIчIужу ячунелълъулги чу босулелълъулги, бералги къанщун, Аллагьассде божилъи гьабе.

37. ЧIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна, щагIил рекелги йикIуна.

38. ЧIчIужугун вагъани, чехь тIеренлъула, росугун вагъани, рукъ нахъе ккола.

39. ЧIчIужугIадан йигила цIцIорол тIагIел, чIинкъани рукъи базе бегьулареб.

40. ЧIчIужугIаданалдасса къадарав бихьинчиги вукIунев, бихьинчияссдасса цIакъай чIчIужугIаданги ятулей.

41. ЧIчIужугIаданалълъул гIакълу квенчIчIелтIа букIунебила, гьей тIаде яхъингун, бортунги унебила.

42. ЧIчIужугIаданалълъухъ ралагьизейила берал рижун ругел.

43. ЧIчIужуквешил гьобол воххун унарев.

44. ЧIчIужуялда гьикъейила, гIаксса гьабейила.

Кици буго буссурбабазул ххалкъазда гьоркьоб цIакъго тIибитIараб. Бихьиназдассаги лълъикIал руччаби, руччабаздассаги къадарал бихьинал рукIунеллъи, ххассго руччаби рукъалълъул магIишаталълъул цIакъал гIуцIцIарухъаби рукIинги лъалаго, магIарулаз гьаб кици битIухъ гьабулел маргьабиги рицуна:

Россасс чIчIужуялда гьикъарабила жив гъоркье кIанцIилищилан. ЧIчIужуялълъ абурабила кIанцIугейилан. КIанцIаравила росс – бекарабила бохх. Цинги, битIун гьел къоязда жаниб, рагъ-кьалги багъарун, росдал киналго бихьинал тIагIаралила. НилIер рекъав багьадур, “Куличияссул хIелеко гIадин”, росдалго руччабазда гьоркьов цохIо ххутIаравила.

Цо чиясс дибирассда гьикъарабила руччабаз малълъараб жо гьабизе бегьулищилан. Дибирасс чIван къотIун жаваб кьурабила бегьуларилан. Валлагь, дибир, жив витIун ккун вугилан абурабила суал кьурасс, чIчIужу йикIанила дуе дагьаб нахги ханалги росейилан. Жинцца росичIила.

«ВахI! – ан бетIер хъассанила дибирасс. – ГIакъилай чIчIужуялълъ малълъараб цо-цо жояли гьабизе бегьулеб букIараб».

45. ЧIчIужуялда гIадин, росс лъаларевила.

46. ЧIчIужуялда кьабулебги якьадалда щолеб.

47. ЧIчIужуялда рихарав чияссулгун гьалмагълъи гьабуге.

48. ЧIчIужуялда щакдари – россассул гIайиб. Росс щакдаризави – лълъил гIайиб?

49. ЧIчIужуялълъ алжан гьедун босулебила.

50. ЧIчIужуялълъ россассда абурабила мегеж ххалатав чияссда гIакълу букIунарилан рагIанилан. Россасс чIчIужуялдаги абурабила, мегеж гIакълу гьечIезул ххалатаб букIунебани, руччабазул мугжул, хIатIикье ккун, тIутIулел рукIинаанилан.

51. ЧIчIужуялълъ россассда гьикъарабила гьан киб баххчилебилан. Россасс абурабила гьанада цIцIар хъван букIунарин, цIцIоко тIагIинабеян.

52. ЧIчIужуялълъ россассул хIал лъабго нухалълъ бихьулебила - ячиндал, лъимер гьабидал, херлъидал.

53. ЧIчIужуялълъ росслъи гьабиги – дурго гIайиб, васасс эменлъи гьабиги – дурго гIайиб.

54. ЧIчIужуялълъе бокьани, хIамилги бихьинчи гьавулевила.

55. ЧIчIужуялълъул багьаяв гьечIев россги вукIуневила, анцIго россассул багьаяй чIчIужуги йикIунейила.

56. ЧIчIужуялълъул рокъов вукIинегIан, гамаги тIерхьун, тIад босун ххутIараб хъорщодаго лълъикI.

Гамаги ралъдалIе тIерхьун ун ххутIараб цо хъорщода лъедолел рукIун руго эменги васги. Гьанже нилIедасса кIудияб къварилъиялда щивниги  вугодаян гьикъун буго васасс инссуда. НилIедасса кIудияб къварилъиялда вугин чIчIужуялълъул рокъов вугев россилан абун буго инссуцца васассда.

57. ЧIчIужуялълъ рукъ къачIайдал, рацIцIалъигIаги россассги цIунизе кколеб.

58. ЧIчIужуялълъе зар кьолев, йокьулелълъе ракI кьолев.

59. ЧIчIужуялълъе я росс къваригIуневила, я руссун къваригIунебила.

60. ЧIчIужуялълъукьа хIинкъи – рукъалълъе ххайир.

61. ЧIчIужуялълъул бечелъи – сахлъи.

62. ЧIчIужуялълъул лълъикIлъи – хIалрекъей.

63. ЧIчIужуялълъул надалда иту бахъизе ккани, хвана хIалтIи.

64. ЧIчIужуялълъухъ тараб мегеж – чIчIужу ялагьизе лъураб тIагъур.

65. ЧIчIун букIараб хIамицца хIунссун мегIер бегуларо.

66. ЧIчIун вукIинегIан, гважи буххулев вукIинги лълъикI.

bottom of page