top of page

КЕТУГИ ЦЕРГИ

Цо чиясул букӀарабила Кету. Гьесс гьеб, рохьобеги бачун, гьениб реххун тун буго. Гьессда чӀалгӀун букӀун буго гъоб Кету, гӀемер цӀцӏогьодун. Рохьоб, хӀал лъалареб бакӀалда, хӀинкъадго хьвада-чІвадулеб букӀараб Катида данделъун буго цо Цер. Кету бихьараб меххалълъ, Цер цӀакъ тамашалъун ххутӀун буго: кигӀан меххалълъ рохьоб хьваданиги, дида гьадинаб рухІчӀаголъи бихьун букӀинчӀилан, гӀажаиблъи гьабун буго.

- Мун щиб, цӀцӏар щиб дуда? - ян гьикъанила Царацца. Михъалги кьурун, Катицца абунила:

- Дун буго рохьил ххан КетугӀали, - ян.

- Дир добе гьоболлъухъ билълъа мун, - ан абунила Царацца.

Гьелда разилъун, Кету Царахъе гьоболлъухъ анила. Гьелдасса ххадур гьел кӀиялго цадахъ гӀумру гьабизе лӏугьанила.

Цо къоялълъ Цер чанабе анила, Кетуги рокъоб тун. Царада рохьоб цо БацІ данделъанила.

- Мун киб букӀараб, Цер? - ан гьикъанила БацӀицца.

- Гьанже дун россассе ун йиго, — ян абунила Царацца.

- Щив, гъарин, гьев дур росс? - ан гьикъанила БацӀицца.

- КетугӀали абун буго цо рохьазул ххан, - ан бицанила Царацца.

- Цо гьелълъухъ балагьизе бегьуларищ дун? – ан гьикъанила БацӀицца.

- Валлагь, бегьула, щай бегьулареб. ЦӀакъ ццидалаб жони бугохха эб, дир бетӀергьанчи. Цощинаб ццим бахъун, гьелълъ мун кун тезеги бегьула, - ян абунила Царацца. - БачӀунеб батани гьеб бихьизе, гьелълъие цо лълъикӀаб сайигъатги босунгӀаги бачӀахха.

Гьелдасса ххадуб рохьоб Царада данделъун буго Ци.

- Мун киб букӀараб, Цер? - ан гьикъанила Цицца.

- Гьанже дун россассе ун йиго.

- Лълъие мун россассе арай, Цер?

- КетугӀали абулев рохьалълъул хханассе ун йиго дун россассе.

- Гьелълъухъ балагьизе бегьуларищ, гъарин, Цер?

- Бегьула, щай бегьулареб, цӀакъ ццидалаб жони буго гьеб. Гьелълъие цо сайигъат босунгӀаги бачӀине ккелахха, гурони, гьелълъ мун цидакье кун тезеги бегьула, ян абунила Царацца.

БацӀицца сайигъаталълъе цо куй бачун бачӀанила. Цицца цадахъго цо оц бачӀанила. Гьеб сайигъат-саламгун рачӀун, Циги БацІги кӀалтӀа чӀчӏун рукӀанила, Царадаги Катидаги тӀаде лӏугьине изну тӀалаб гьабун.

Гьебмеххалълъ цо ГӀанкІкӏ букӀанила хъархъида гъорлӏ баххчун, цинги гьеб лахІзаталда гьенисса тӀурун биччан танила. Гьелда ххадуб Ци ахІдон буго:

- Царадаги Катидаги абе, гьанир гьалбал ругин балагьун чӀчӏун, изну тӀалаб гьабулел, - ан.

Циццаги БацӀиццаги, цо хьвараб бакӀалде лӏугьун, чӀчӏезе къассд гьабунила. Ци цо гъотӀодеги бахун чӀчӏанила, БацІ Цида гьарданила жибги баххчизе цо гӀамал гьабеян абун. Цицца абунила, гъоб хъархъилълъе жанибе лӏугъун, баххчун чӀчӏаха мунгиян.

Гъоркьеги лӏугъун, Цицца гьеб Бацӏ баххчараб хъархъиде тӀаде по дагъал тӀанхал рехханила, жибгоги нахъеги гъотӀоде бахун чӀчӏанила. Гьезул бараб ругьел ГӀанкӏкӏицца Царадеги Катидеги щвезабунила, гьалбал рачун ругилан бицанила.

Гьалбадериде данде Церги Кетуги къватӀире рачӀанила. Цида бищун ццере рихьанила гьел къватӀире рачунел. «Вабабай, Царал россассул гьитӀинлъи», ян абунила Бацида гьелълъ.

КъватӀибе бачӀарабго Кету, оцода тӀад речІчӀанила, мигӀав, мигӀав, мигӀав абун, гьеб тӀутӀузе лӏугьанила. Вабабай, ункъго циялълъе гӀолеб оц цо Катие гӀезехъин гьечӏо, кигӀан чехь хъантӀараб жо аб бугебан ракӀалде кканила Цида.

Гьебмеххалълъ БацӀиеги бокьанила гьеб Катицца гьабулеб жоялълъухъ балагьизе. ТӀамахги багъа-бакаризе гьабун, бигьа гьабун, гӀундулги гъуцӀизарун, бакканила БацІ. Тӏамах багъарарабго, гӀункӏкІ бугилан ккун, Кету кӀанцун анила БацӀиде тӀаде. БацІ тӀурун биччан танила. БацӀидасса хӀинкъун, Кету гъотӀоде тӀаде ххарун анила. ГъотӀода букӀараб Ци, хӀинкъун, Кету жинде тӀаде бачӀунеб бугилан ккун, хъатамасан гьоркье кӀанцӀанила. Гьеб куцалда гьоболлъухъ рачӀарал БацІги Циги лӏутун анила.

- Вере, ккве, вере ккве, Ци, - ян ахІдолеб Церги букӀанила.

Гьелдасса нахъе рохьоб букӀараб щинаб рухІчӀаголъи Царадассаги Катидассаги хӀинкъулаанила. Ал кӀиялго абуни, сайигъаталълъе бачӀараб куйги оцги кун, кепалда рукӀанила.

bottom of page