
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Кь p
-
Кьабарабги хIехьолев, хIунссарабги баччулев.
-
Кьабулареб бахъуге, кьвагьулареб борчунге.
-
Кьабураб зар гьанада унтулеб, абураб рагIи рекIеда унтулеб.
-
Кьавуялълъ махх куна, кIкIвахIалълъ чи куна.
-
КьагIазул чолое хьоп меседилав, гIиял хъутаналълъе гъазихъ гIарцулав.
-
Кьал балагьулессда хвел батулеб.
-
Кьал гьабулеб жо – гап.
-
Кьалбаз ккола гъветI.
-
Кьалбазда рекъарабила гъветIги букIунеб.
-
Кьалбал гъваридаб гъветI гьороцца реххулареб.
-
Кьалбал риччараб гъветIалда бакъ рагIуларо.
-
Кьалбал турараб хIохьодассан чIагояб чIор кIанцIулареб.
-
Кьалул цIа ссвинабе, хIенехI букIаго.
-
Кьаралъани, чуги лълъикIаб, бечелъани, чиги лълъикIав.
-
Кьарияб жинццаго куней, хIалакъаб россассе кьолей.
-
Кьвагьи гьечIеб бакIалде гIарада баге.
-
Кьвагьизе ккани, цIун букIине ккола.
-
Кьвагьулареб туманкIалдассаги цIунаги, ватуларев гьудулассдассаги цIунаги.
-
Кьвагьун бахъунареб бакIалда гIужги баге, кIанцIун вахъунареб бакIалда хIуччги цIцIаге.
-
КьватIараб бакI бухIизе тIатIи гьечIев бетIеркъотI,
Дун ячараб сордоялълъ чирахъ ссунцца бакилеб? -
КьватIараб матIуялълъул багьа – мочол мугь.
-
«Кье» гурони, «ма» лъаларев.
-
Кьезе бокьани, жакъаго кьолеб, бокьичIони, метералде тIамулеб.
-
Кьер кинаб букIаниги, болъон буго болъон.
-
Кьерхада ххадуб – роцIцIен, къварилъиялда ххадуб – роххел.
-
Кьерхаде хъвараб ххер роцIцIаде бакIарула.
-
Кьерханкъо къалъулареб, къокъав чи херлъуларев.
-
Кьерхахъе зоб букIунареб, рещтIахъе бо букIунареб.
-
КьечIеб талихI бахъизе туманкIгунищ яхъиней, щвечIев Ису сабаблъун сордойилищ ягъилей?
-
Кьибил гьечIеб гъветI гьечIеб, гIагарлъи камурав чи гьечIев.
-
Кьибил нахъа гьечIони, тIадегIанлъи щоларо, хханлъи кодоб гьечIони, гьессдасса хIинкъуларо.
-
Кьибил хIалае чIчIани, вас бахIарчи вахъунев.
-
Кьибилалде ракI гъурав гьел гьечIелълъув чучула.
-
Кьижарав вахъинегIан, вахъарав чIчIоларевила.
-
Кьижарав чи – хварав чи.
-
Кьижаразда гурони, макьу бихьулареб.
-
Кьижарасс кьижарав ворчIизавуларев.
-
Кьижизе гурони, бусада вегизе ккогеги.
-
Кьили лъунилан, гIорцIадул чу лIугьинаро, чангит банилан, хIамил гIорцIен лъугьинаро.
-
Кьо дудассанго лъоге, чияцца лъезе те.
-
Кьогедила, дада, чияр ракьалде,
Къали-рикьиялълъул гъассда цIаги бан,
РосулIго бокьила, кьибил тезегIан.
-
КьогIаб букIунелълъулин дару даруяб букIунеб.
-
КьогIаб калам гIундузда рагIиялдасса гIундулго гьечIого рукIин лълъикIаб.
-
КьогIаб чIамичIессда гьуиналъул тIагIам лъалареб.
-
Кьодукьа гурелила хIинкъулел, гIурукьайила.
-
Кьойид гьаби – нух балагьи.
-
Кьолелълъул босе, кьабулелълъул лIута.
-
Кьолбода ХIажимурад вахъунилан, киналго ХIажимурадал рукIунарел.
-
Кьолбодасса чIухIизе гIабдал те, мунго бахIарчилъиялдасса чIухIа.
-
Кьолелълъул – цIун кье, нахъе босулелълъул – бетIер хъван босе.
-
Кьолессда гьарулеб, гьабулессда малълъулеб.
-
Кьолессе цоги гIемераб, босулессе кIигоги дагьаб.
-
Кьохъияссул хIамиегIан хIалхьи гьечIебила руччабазе.
-
Кьурасс босулеб жо буго талихI.
-
Кьураб босун, барще.
-
Кьураб квералда лъала, квараб чехьалда лъала.
-
Кьурав гуревила саххаватав, босаравила.
-
Кьурав мискинлъуларев, гьарарав бечелъуларев.
-
Кьуралда рекъечIев рокъов кванайилан те.
-
Кьурассул квералда гIадин, кварассул кIалалда лъалареб.
-
Кьурда хоно чIваге, чIалгIаде гаргадуге.
-
Кьурдизе лъаларесс ссвери къваридаб бугилан абурабила.
-
Къурдизеги гьавулев гьакълицца, гьардезеги тIамулев гьакълицца.
-
Кьурдуларевила гIабдал, кьурдани, чIчIезе лъаларебила.
-
Кьурдун ссвакаравги – кванде, гIодун ссвакаравги – кванде.
Цо къоролалълъул маулхIаяталълъе вукIарав вас хун вуго. Дуниялалдассаго рокьи бичарай гъарималълъ хварав вас вукъизе виччан гьечIо. ХвезегIан, васассда тIад ккун, гIодизе тейин жий, тIаде нуцIцIаги рахаян абун буго. ГIагарлъиялълъ гIемер гьарун буго кваназегIаги кванайилан. Къоролалълъ кинго къабул гьабун гьечIо гьеб гьари.
Цинги гIагарлъиялълъ, гIодун ссвакараб меххалълъгIаги щиб гьалълъ гьабулаян бихьизе, гьей гIунтIулареб борххатаб бакIалда квен лъун тун буго.
ЦIакъ гIемер гIодун йиго эбел, аххирги кванде ххиял лъун буго. Ххарххадун йиго гIагарлъиялълъ лъураб бакIалдасса квен босизе. Кинго гIунтIизе кIвечIеб меххалълъ, васассул жаназаги бехъерхъун, гьелда тIад хIетIеги чIчIун, босун буго эбелалълъ квен.
Гьаниб ракIалде щола «Хоб тIупанагIан, ракI тIупулеб» абураб кициги.
-
Кьурдухъанассул хIатIал гIедерал, хIалтIухъанассул кверал гIедерал.
-
Кьуру биххана, борохь нахъе тана.
-
Кьуру биххичIого, хIур (хъуй) бахъунареб.
-
Кьуруги биххулеб, раххассги тIолеб, гIагарлъи тIолареб.
-
Кьуруги биххун, гъоркье кканиги, гьересси тIатинчIого ххутIулареб.
-
Кьуругун багъун, гъалбацI бергьинаро, лаченгун багъун, гъеду бергьинаро.
-
Кьурул рагIалде щвезегIан ккве чи.
-
КьучIчI гьечIел ххарбал – лъалкI гьечIел гьерссал.