top of page

Э e

1. Эбел гьечIев вукIунаревила, яц гьечIев ватуларевила.

2. Эбел-инссуе гьабураб хъулухъ – дуего нухде бараб тIехх.

3. Эбел-инссуе жалго кигIан рокьулел рукIаралали лъазе, лъимер щвечIого, щивниги хогегийила.

4. Эбел-инссуе кьураб гIакъуба – дурго нухде бан тараб заз.

5. Эбел-инссуе нужецца гьабураб, нужер лъималаз нужееги гьабулеб.

6. Эбел-инссул адабгьечI жужахIалълъул тIинде реххулевила.

7. Эбел-инссул бечелъиялълъила лъимал хвезарулел.

8. Эбел-инссул дуцца гьабулеб адаб – дурго лъималаздассан дуего щвезессеб давла.

9. Эбел-инссул ракI – лъималазда, лъималазул ракI – гьаваялда.

10. Эбел-инссул талихIги талихIкъосинги лъималазулIила букIунеб.

11. Эбел-инссул хIурмат тарав ххалкъалълъе басралъула.

12. Эбел йигей ясалълъул къаданижо борххатаб.

13. Эбел йихьун, яс йосе, мицIцIир бихьун, ххам босе.

14. Эбел йихьун, яс яче, эмен вихьун, дурцц гьаве.

15. Эбел лълъикIай гурейила ячуней, жийго лълъикIайила.

16. Эбел ракI-ракIалълъ гIодулей, ххутIарал ххвалие гIодулел.

17. Эбел-лъимал тIезарулебги – мацIцI, росс-лълъади ратIа гьарулебги – мацIцI.

18. Эбел-лъималазда гьоркьоб ккараб рагIи – гIурччинаб ххарде ккараб гIазу.

19. Эбел разилъичIого, яс чIчIужулъун ячунге.

20. Эбел хвани, кьегIер ххарде буссуна,

ЛълъикIав гьудул хварай ссунде чучилей?

21. Эбел хвараб кьегIер кьурде бахунебила.

22. Эбел цадахъал – царгъинире, эбел гьечIел – къватIире.

23. Эбел ясандухъан йигони, яс кьурдухъан йикIуна.

24. Эбел-эмен разияб лъимер – лIугIи гьечIеб ххазина.

25. Эбел-эмен ххер гьарулелги – лъимал, бахIар гьарулелги – лъимал.

26. Эбел-ясалда гьоркьобги меседил баргъич биларабила.

27. Эбелаб балагь бачIунгеги, ракъул къали кIутIугеги.

28. Эбелаб росуги инссулаб нухги кIочонгейила.

29. Эбелалда ургьиссанго гурев гьекъолдухъан вахъунев, жакъа парччи гьекъон, метер хъаба гьекъонила.

30. Эбелалълъ гьавичIевги вацц гIемер вукIунев.

31. Эбелалълъ еццарай ячунгейила, авал-къоноялълъ еццарай ячейила.

32. Эбелалълъ еццичIей лълъицца еццилей?

Вокьулесс ячинчIей лълъицца ячиней?

33. Эбелалълъ малълъун гуро милъиршоялълъ бусен гьабулеб, инссуцца малълъун гуро устарассул вас устар лIугьунев.

34. Эбелалълъе васги вукIине кколев бахIарчи, ясалълъе россги вукIине кколев.

35. Эбелалълъе ясги вугев дун, ясалълъе россги вугев дун.

36. Эбелалълъул квешай ясги якьадалълъул лълъикIай нусги йикIунарей.

37. Эбелалълъул ракI – васассул каранда, васассул ракI – ЦIцIоралълъул мугIрузда.

38. Эбелалълъул ракI лъималазда лъалебани, гьей егараб бакIалда тIад квер бахъун гурони, кьижилароанила.

 – Эбелалълъул рокъой бакъ унеб бугин,

Балъида цIцIал кIутIе, бахIар руччаби.

- Бакъараб чехьалда къоно чIван бугин,

Бакъуда цIцIал кIутIе, малаикзаби.

Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби ТIелекь росулI рижун руго.

Хур нуцалчияссул букIун буго. Росдал руччаби гьессие жидеда тIадаб къо гьабулел, гьессул чIахIиял хурзал лъилъулел рукIун руго. Бакъ гIебеде балагьун бихьараб меххалълъ, хъантIарав нуцалчиясс руччабазда гьадал рагIаби абун руго. Ракъуцца хIалги гьабун, къо кидадай инаян ругел руччабазги нуцалчияссул чара хвараб гьадаб жаваб кьун буго.

39. Эбелалълъул рокьи ккечIони, ясалълъе росс щоларев.

40. Эбелалълъул рокьи ккун, яс кьурайила, инссул рокьи ккун, васассе ячарайила.

41. Эбелалълъул хIила бергьун, ххинкIал гIиссин гьарунила, лъималазул макру цIцIикIкIун, кIи-кIи цадахъ квананила.

42. Эбелалълъул цого жо – царгъиниве гъецIеро.

43. Эбелалълъул цIцIалкIил гьаракь рагIулареб бакIалда сордо баларев «багьадур».

44. Эбелалълъул цIцIалкIил гьаракь рагIулареб бакIалда сордо баларев вас, хIамил рачIчI ккуниги, кверда пинкь бахъуней къоролалълъуй яс.

45. Эбелалълъухъ гIенеккуларел ВатIаналълъеги мутIигIлъуларел.

46. Эбелалълъухъ гIин тIамуларей ясалълъ чияхъ гIин тIамиларо.

47. Эбелги ясги – расаги гIункIкIги, нусги якьадги – ракьаги нусги.

48. Эбелдахъан – асс, инссухъан – къо.

49. Эбелдахъан гIагарлъиялълъул гурхIел цIцIикIкIарабила.

50. Эбеллъун яхъине – бигьаяб жо, эбеллъи гьабизе – захIматаб жо.

51. Эбел-эмен лъималазе алжаналълъул кавабийила.

52. Эбел-эмен рукIунелила кидадай лъимал кIудиял гIелаян; лъимал рукIунелила кидадай гьел хвелаян.

53. Эгъе кьуранани, кьолбое гIолев, кьурун вуссанани, росдае гIолев.

54. Элтир бихьун, кьегIер хъве, гIала бихьун, чу босе.

55. Эмен беццав, вацц гIинкъав

56. Эмен васаб, вас эменаб къайи-ссвериялдасса цIунагийила.

57. Эмен вукIаго – бессдалал, росс вукIаго – къоролай.

58. Эмен гъоркье реххараб гьегь мунгоги херлъилалде нахъе цIуне.

Хханассул бюрухъ букIун буго хIалтIул гIумруялдасса арал херал эбел-эмен, гьагьинирги лъун, кьурсса гъоркье реххеян. Гьедин киназго реххулелги рукIун руго. Цо херай эбел гъоркье реххулеб меххалълъилан бицен буго, гьелълъ васассда гьарарабила - «Ворехха, дир вас, хIатIил кьватIараб бакI тункиларедухъ реххе», – ян. Цо эмен реххулеб меххалълъ, гьесс гьабураб васигат батIияб буго. «Ворехха, дир вас, – ан абун буго гьесс, – херлъараб меххалълъ мунгоги реххизе, гьаб гьегь нахъе цIунун те!»

Инссуда цIакъ ракIги гурхIун, жинццаго эмен реххарав гIадин, жиндир васасс живги реххизе вукIиналълъул ххиялги гьабун, гьесс эмен гъоркье реххун гьечIо. Хханассдасса балъго, нахъарокъов тун, хьихьун вуго.

Хханзабазул букIараб гIадаталда рекъон, цо хханасс гIадамал гъоркье ралев хханассе цо оц битIун бачIун буго. Кагътида хъван букIун буго, гьаб оцол хIалалабги хIарамабги гьан батIа гьабизе лъани, жинцца дуе пуланаб росуги кьелила, лъачIони, цо росу дуцца диеги кьезе кколилан.

Жиндирго ххалкъги данде гьабун, хханасс гьеб суалалда тIад ургъизе лъабго къо кьун буго.

Нахъа рокъов ваххчизавурав кIудияв чиясс гьикъун буго, щайин жакъа хханасс ххалкъ данде гьабун букIарабилан. Васассги бицун буго хханассда чIван бугеб кIудияб ургъалил. КIудияв чиясс васассда малълъун буго, дуцца абейила хханассда, гьеб оцги хъун, гIадамал кваназарейин, цаби рикIараб гьанги, гIодобе реххизе биччачIого, цо бакIалде бакIаризе гьабейилан. Цинги гьеб гьанги битIейин дов хханассухъе, дуцца нижее битIараб оцода гьабгощинаб гьан хIарамаб батанин, хIалалабщинаб нижеццаги кванилан.

Хханасс лъабго къоялдассан ххалкъ данде гьабун буго. Жаваб кьезе кIолев чи гьадав ваххчарав кIудияв чияссул вас гурони ватун гьечIо. Киназго гьев гIолохъанчияссул жаваб битIараблъун рикIкIун буго. Гьесс абухъе гьабураб меххалълъ, гьезул хханги дандияссдасса бергьун вуго.

Нахъе-нахъеги рачIарал гьададиналго гъваридал суалазе гIакъилал жавабал гьавго васасс кьураб меххалълъ, ххан щаклъун вуго, чIчIезабун буго, гьав гIолохъанчиясс ургъарал жавабал гьал гурин, гьалда жаниб жив ххадув гъолареб цо хIикмат батизе кколилан.

АсскIовеги ахIун, хханасс гIолохъанчияссда абун буго, гьал захIматал суалазе жавабал кьей дур гьунар гуреблъи лъалин дида, щив гIакъиласс дуда гьал жавабал малълъулел ратаниги, гьев чи жинда бицеян. ГIолохъанчиясс кинабго жо битIун бицун буго.

Гьеб меххалълъ хханассда бичIчIун буго, хханлъи цIунизе ккани, яшавалда жаниб жидер хIалбихьи бугел херал, гIакъилал гIадамал къваригIунел рукIин. ЦIияб буюрухъ кьун буго - «Херал эбел-эмен гъоркьеги реххуге, гьезул хIурматги цIуне», – ян.

59. Эмен гьечIессдасса, эбел гьечIев цIцIикIкIун бессдалавила.

60. Эмен гьечIессул кIудияв эмен валагьуге.

61. Эмен гьобол гIадав чи, рукъалълъул хIал эбелалда лълъикI лъала.

62. Эмен къолохъан вугони, вас кьурдухъан вахъуневила.

63. Эмен къваригIунареб къо бачIунареб.

64. Эмен лълъикIассдасса живго лълъикIав лълъикI, эбел лълъикIалдасса яс лълъикIай лълъикI.

65. Эмен рихарав васассда живгоги рихунев.

66. Эмен хвеларев щив, оц хъвеларев щив! (дуцца диеги гьабичIо, дицца дуеги гьабиларо).

Гьал рагIаби абула кинавго чияссда цо хIалги букIунаро, чи къваригIараб къоги щибав чияссде бащад бачIуна, балагьила духъги абураб магIнаялда.

ГIемериссеб меххалълъ гьадин абула, жиндирго хIалтIи лIугIигун, чияе кумек гьабуларев, магIарулазул лълъикIаб гIадат хвезабурав хIалихьатав чияссде.

67. Эмен цин кваналев, эбел кIицIцIул кваналей, лъимал лъабцIцIул кваналел.

68. Эменали ГIакарутIа вижун ватизеги бегьула, чиясс тIасса бищизе ккола ссанагIатаб бакI.

69. Эменги дир чIвалев, бидвиххунги дун витIулев.

70. Эменлъи гьабурассе васлъи гьабе, ваццлъи гьабурассе ваццлъи гьабе.

71. Эмехваги хераб оцол ракьаялълъул.

72. Эниб бичIчIичIони, анибги бичIчIулареб (Малълъулессда бичIчIулареб жо гIенеккарассдаги бичIчIулареб).

73. Эххебе араб гIор нахъ буссунареб.

74. Эххебе араб лълъецца гьобо хIалтIулареб.

75. Эххебе битIараб хIетIе сабаблъунги кколебила росс-лълъадиялда гьоркьоб рагIи.

76. Эххебемохъалълъ рещтIа, эххедемохъалълъ рекIа.

77. ЭххеберегIел гьечIеб эххедерегIел букIунареб.

78. Эххеде валагьарав гIодов ххутIаравила, гIодове валагьарав вахъун ккаравила.

79. Эххеде ваханагIан гьури кутакаб.

80. Эххеде йорххани, рокьи бугилан абула, гIодое къулани, къинай йигилан абула.

81. Эххеде мохъалълъ – чотIахъан, чи гьечIелълъув – багьадур.

82. Эххеде реххараб тIагъур гIодобе бачIинегIанги бихьинчияссе хIалхьи лълъикIаб.

83. Эххеде реххараб тIагъур гIодобе бачIинегIанги чияссул бахIарчилъи лIугьунеб.

84. Эххеде унелълъул, нахъвуссине ккеялълъулги хIисаб гьабе.

85. Эххедераялълъ – чотIацIакъ, чияр рокъов – саххават.

bottom of page