﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
سورة الفاتحة
﴾۱﴿ بِسْمِ اللَّـهِ الرَّحْمَـٰنِ الرَّحِيمِ
سُورَةُ اافَاتِحَةِ
ماڭايالدا رېۺطێنابۇراب، جێندا جانێب انڨڬۈ ايات بۇڬېب.
۱. دێڛا الاهاصۇل (عز و جل) ڞارالداڸۇن بايبێڮێ هابۇلېب بۇڬۈ: دۇنيالاڷۇل رۈقۈب جێندێر ڬۇرحېل كێنازدېڬۈ ۺۈلېو، اخێراتالدا جێو مۇئمێنزابازدا ڬۇرحۇلېو. دێڛا كێنالڬۈ ئۇمۇرازۇڶ كوېرباقێڬێ الاهاصداصا طالاب هابۇلېب بۇڬۈ. هېو الله (عز و جل) جێندێيې عێبادات (لاغڸێ) هابێزې طاداو بېطېرهان وۇڬۈ، كێنابڬۈ ڷێگڸێ، ڞۈب - راحمات وا نێعماتال ڨۈلېو وۇڬۈ. جێندێر راحمات وا ڞۈب كێنابڬۈ جۈيالدا ۺۈلېو وا عاماو وۇڬۈ. هېب بێسمێلاهالدا جانێب الاهاصۇل (عز و جل) ئۇنقۈيالدا انڝێلا ئێڃڬۈ ڞارالداصان ڸابڬۈ ڞار بۇڬۈ: الله، الرحمان، الرحيم. بێۺۇن خێرێياب، ښۈڬێ ۺێبڬۈ جۈيالدا كێداڬۈ ڸېڃېب، بېطېرهاناصۇل زاتالدا ڸۇراب ڞار بۇڬۈ الله. خادۇصېل كێنالڬۈ ڞارال هېب الله ابۇرالب ڞاراڷې صێفاتڸۇن ڭۈلا وا طادېعاناو الاصۇل كامێلڸێ بێښۇنېل رۇڬۈ. الرحمان ابۇراب ڞاراڷۇل ماعنا بۇڬۈ جێندێر راحمات، ڬۇرحېل عاماو، عېمېراو، كێنابڬۈ جۈيالدا ۺۈلېو ابۇراب. هاب ڞارڬێ الله (عز و جل) ڬۇرېصدا ابێڃېب وا ابۇلارېب بۇڬۈ. الرحيم ابۇراب ڞار راحمات - ڬۇرحېل دائێماو ابۇراب ماعنايالدا بۇڬۈ: هېو الله (عز و جل) دۇنيالالداڬێ اخێراتالداڬێ مۇئمێنزابازدا ڬۇرحۇلېو وۇڬېڷۇل.
Суратул-ПатихIа
Маккаялда рештIинабураб, жинда жаниб анкьго аят бугеб
I. Дицца Аллагьассул ( عز وجل ) цIцIаралдалъун байбихьи гьабулеб буго: дунялалълъул рокъоб жиндир гурхIел киназдего щолев, аххираталда жив муъминзабада гурхIулев. Дицца киналго умуразулI квербакъиги Аллагьассдасса тIалаб гьабулеб буго. гьев Аллагь ( عز وجل ) жиндие гIибадат (лагълъи) гьабизе тIадав БетIергьан вуго, кинабго лълъикIлъи, цIцIоб-рахIмат ва нигIматал кьолев вуго. Жиндир рахIмат ва цIцIоб кинабго жоялда щолев ва гIаммав вуго. Гьеб бисмиллагьалда жаниб Аллагьассул ( عز وجل ) ункъоялда анцIила ичIго цIцIаралдассан лъабго цIцIар буго: Аллагь, АррахIман, АррахIим. Бищун ххирияб, цоги щибго жоялда кидаго лъечIеб, БетIергьанассул заталда лъураб цIцIар буго Аллагь. Ххадуссел киналго цIцIарал гьеб Аллагь абураб цIцIаралълъе ссипатлъун ккола ва ТIадегIанав Аллагьассул камиллъи бицунел руго. АррахIман абураб цIцIаралълъул магIна буго жиндир рахIмат, гурхIел гIаммав, гIемерав, кинабго жоялда щолев абураб. Гьаб цIцIарги Аллагь ( عز وجل ) гурессда абичIеб ва абулареб буго. АррахIим абураб цIцIар рахIмат-гурхIел даимав абураб магIнаялда буго: Гьев Аллагь ( عز وجل ) дунялалдаги аххираталдаги муъминзабазда гурхIулев вугелъул.
suratul-_ati\a
maKayalda re&Tinaburab, $inda $anib anpgo ayat bugeb.
1. alahaSul ~aralda;un baybi%i habuleb bugo, dunyala:ul roqob $indir gur\el kina#dego &olew, a{iratalda $iw ma'min#aba#da gur\ulew. diCa kinalgo umura#u/ kwerbaqigi alahaSdaSagi Talab habuleb bugo. hew alah $indiye fibadat (lav;i) habi#e Tadaw beTerhan wugo, kinabgo :ij;i, ~ob-ra\mat wa nifmatal polew wugo. $indir ra\mat wa ~ob kinabgo $oyalda &olew wa famaw wugo. heb bismilahalda $anib alahaSul unqoyalda an`iyala izgo ~araldaSan ;abgo ~ar bugo - allah, ar-ra\man, ar-ra\im. bi&un {iriyab, cogi &ibgo $oyalda kidago ;ezeb, beTerhanaSul #atalda ;urab ~ar bugo allah. {aduSel kinalgo ~aral heb allah aburab ~ara:e Si_at;un Kola wa Tadefanaw allahaSul kamil;i bicunel rugo. ar-ra\man aburab ~ara:ul mafna bugo $indir ra\mat, gur\el famaw, femeraw, kinabgo $oyalda &olew aburab. hab ~argi allah gureSda abizeb wa abulareb bugo. ar-ra\im aburab ~ar ra\mat-gur\el daimaw aburab mafnayalda bugo, heb allah dunyalaldagi a{irataldagi mu'min#aba#da gur\ulew wuge;ul.
﴾ ۲ ﴿ الْحَمْدُ لِلَّـهِ رَبِّ الْعَالَمِينَ
۲. كێنابڬۈ رېڛ، ڷێڛا، ڷێيې، ۺێب سابابڸۇن هابۇرابڬێ، الاهاصې بۇڬۈ. كێنازۇلڬۈ بېطېرهان هېو وۇڬېڸۇل وا اصلۇيالدا كێنابڬۈ ڷێگڸێ الاهاصداصا بۇڬېڸۇل. جێو كێنابڬۈ عالاماڷۇل بېطېرهانڸۇن وۇڬېو، كێنابڬۈ جۈياڷۇل تادبێر هابۇلېو، هېل ڮێڮۇلېو، ڝۇنۇلېو، عۇڞۇنېو. جێندێيې لاغڸێ هابێزې طاداو خانڸۇنڬێ وۇڬېو. طادېعاناو الاهاصې رېڛ هابێ دائاماب، ناڅاصان قۈطێ هېڃېب بۇڬۈ، هېو الاهاصۇا نێعماتال، هېصۇل ڬۇرحېل ڞۈب دائێماب بۇڬېڸۇل.
2. Кинабго рецц, лълъица, лълъие, щиб сабаблъун гьабурабги, Аллагьассе буго. Киназулго бетIергьан гьев вугелъул ва асслуялда кинабго лълъикIлъи Аллагьассдасса бугелъул. Жив кинабго гIаламалълъул бетIергьанлъун вугев, кинабго жоялълъул тадбир гьабулев, гьел хьихьулев, цIунулев, гIуцIцIунев. Жиндие лагълъи гьабизе тIадав ханлъунги вугев. ТIадегIанав Аллагьассе рецц гьаби даимаб, нахъассан къотIи гьечIеб буго, гьев Аллагьассул ( عز وجل ) нигIматал, гьессул гурхIел-цIцIоб даимаб бугелъул.
2. kinabgo reC, :iCa, :iye, &ib sabab;un haburabgi, alahaSe bugo. kina#ulgo beTerhan hew wuge;ul wa aSluyalda kinabgo :ij;i alahaSdaSa buge;ul. $iw kinabgo falama:ul beTerhan;un wugew, kinabgo $oya:ul tadbir habulew, hel %i%ulew, `unulew, fu~unew. $indiye lav;i habi#e Tadaw {an;ungi wugew. Tadefanaw alahaSe reC habi daimab, na]aSan qoTi hezeb bugo, hew alahaSul nifmatal, heSul gur\el-~ob daimab buge;ul.
﴾۳﴿ الرَّحْمَـٰنِ الرَّحِيمِ
3. Дунялалда жив лълъикIассдаги квешассдаги гурхIулев: гьезие нигIматал кьун, гьезул масслахIатал тIоритIун. Аххираталда муъминзабада гурхIулев. Аххираталълъул рукъ гIамалалда данде жаза гьабулеб бугелъул, гьениб Аллагьассул гурхIел муъминзабада гурого букIунаро. Капурзаби ва мушрикал жужахIалда уна ва гьенир даимлъула. (жаза: гьабураб гIамалалда рекъон гьабулеб кири яги гIазаб).
﴾۴ ﴿ مَالِكِ يَوْمِ الدِّينِ
4. Къиямассеб къоялълъул бетIергьанлъун жив вугев, жиндилI кинабго жоялълъул хIисаб-мизан ва жаза гьабулеб. Гьеб къоялълъ гьитIинаб ва кIудияб кинабго жоялълъул иххтияр, ханлъи, ва хIукму гьабизе бугеб квершел цохIо Аллагьассда ( عز وجل ) кодоб букIуна. Дунялалълъул бетIергьан вуго Аллагь, амма гьаб дунялалда нилIеда рихьулеб бакIалда жидеда бетIергьан абулел гIадамал рукIуна, масала: рукъалълъул бетIергьан, ракьалълъул, боцIцIиялълъул бетIергьан. Аххираталда гьединал бетIергьаби рукIунаро ва кинабго жоялълъул ханлъи ТIадегIанав Аллагьассде ( عز وجل ) буссун букIуна.
﴾۵﴿ إِيَّاكَ نَعْبُدُ وَإِيَّاكَ نَسْتَعِينُ
5. Дуе буго, Аллагь ( عز وجل ), нижецца лагълъи гьабулеб, мун гурессе гьечIо. Дудасса буго Аллагь ( عز وجل ) нижецца квербакъи тIалаб гьабулеб, мун гурессдасса гьечIо. ЦохIо дуе буго БетIергьан Аллагь нижер хIелиги гьариги, мукIурлъиги, мутIигIлъиги. ЦохIо дудасса буго БетIергьан Аллагь нижецца квербакъи тIалаб гьабулеб тIагIат-гIибадат ва лълъикIаб гIамал гьабиялълъулI, квешаб гIамал тезеги. Мун гурев нижее квербакъизе кIолев гьечIо ва кIодо гьавизе, хIурмат гьабизе рекъаравги цохIо мун вуго.
﴾۶﴿ اهْدِنَا الصِّرَاطَ الْمُسْتَقِيمَ
6. Дуцца ниж битIараб нухде тIоритIе. Мун жинда разияб, дуе битIун лагълъи гьабизе лъалеб. Дуцца жиндалъун киналго аварагзаби ритIараб исламияб диналълъул нухда тIоритIе. Дуде гIагарлъи бокьарал, мун разилъи бокьарал гIадамал хьвадулеб нухда тIоритIе.
﴾۷﴿ صِرَاطَ الَّذِينَ أَنْعَمْتَ عَلَيْهِمْ غَيْرِ الْمَغْضُوبِ عَلَيْهِمْ وَلَا الضَّالِّينَ
7. Дуцца жидее кIудиял нигIматал кьурал аварагзабазул ритIухъал, рацIцIадал гIадамазул нухда тIоритIе. Шагьидзабазул ва лълъикIал муъминзабазул нухда тIоритIе, гьелда ниж даимго чIчIезеги гьаре. Жидеда дур ццим бахъарал ягьудазул нух гуреб ва жал хIакъаб жо лъаларого къосарал ва мекъаб нухде ккарал насраниязул нухги гуреб. Дур нухдасса гьетIарал дур тушбабздасса ниж гьаруге Аллагь ( عز وجل ). Исламияб диналълъул нухдасса къосарал ва жидеда дур ццим бахъиги, абадияб рахIматалдасса рикIкIад гьариги тIалъарал гIадамал руго гьел.