﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ХІАМА КИНАЗУХЪЕ КЬОЛЕБ?
Mала Нассрудинил букӀанила цо хераб хӀама. Цо къоялълъ къалъуда мадугьал вачӀанила, метер рохьобе цӀуладе бачине хӀама биччаян гьарун. Биччалин абунила Мала Нассрудиницца. Цо carlaт гьоркьоб араб гӀадаб заманалда цоги мадугьалги ячӏанила, метер гьабихъе бачине хӀама биччаян гьарун. Биччалин абун, гьейги йитӀанила Мала Нассрудиницца. МаркӀачӀуда лъабабилев мадугьалги вачӀанила, метер базаралде бачине хӀама биччаян гьарун. Биччалин, радал бачине вачӀаян гьессдаги абунила Мала Нассрудиницца.
- Я гъарин Мала Нассрудин, рачӀа-рачӀаразда биччалин абулеб буго дуцца хӀама. Щай гьедин абулеб, щиб гьабизе ракӀалда дуда бугеб? - ан цӀехханила чӀчӏужуялълъ.
- Биччалин абун, рогьинегӀан роххизарураб гӀоларебищ гьел мадугьалзабазе? Метер радалго, бачун хӀамагун, рохьове ина дун, гьел бокьараб гьабулел рукӀа абе, - ян абунила Мала Нассрудиницца.