﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ВЕХЬАССУЛ ВАС
Цо пуланаб росулӏ вукӀанила мискинав гӀачивехьги гьессул цо васги. Цо заманалдассан гьев гӀачивехь хванила, васги бессдал ххутӀанила. Живго мискинав вукӀаниги, гьев вас вукӀанила рекъараб лага-черххалълъул, берцинаб гьумер-куцалълъул, лълъикӀаб тӀабигӀат-гӀамалалълъул нилӏеего анищан ккарав гӀолохъанчи. Росулӏ гьессул щивниги ццевессев гӀагарав чиго ххутӀичӀила, цӀакъ ракІги бакъван букӀун, васасс хӀукму гьабунила щиб- щибниги бакӏ бихьизе, батӀи-батӀиял шагьаразде тира-ссверизе къватӀиве вахъине.
Инссул ххутӀараб мискинабго рукъги реххун тун, цо къоялълъ гьев къватӀиве вахъанила. БакӀ-бакӀазда тира-ссверулевги вукӀун, цо заманалда гьев кканила цо шагьаралде. Гьеб шагьаралда цо чанго къо банила васасс, батараб- щвараб хӀалтӀиги гьабун. Цо къоялълъ шагьаралда тира-ссверулаго, гьев кканила шагьаралълъул рагӀалде. Балагьанила, бугила цо берцинаб хъала, гьений хъалаялълъул тlаcса рукъзабазул гордухъан яккун цо берцинай ясги йигила.
Гьей ясалда берчІвайгун, гьессие гьей кутакалда йокьанила, гьев вас вихьаравго, дой ясалълъулги гьессухъ рокьи кканила. ЛълъикӀалан меххалълъ цоцахъ ралагьун ххутӀанила гьел кӀиялго, щибго рагӀиги абичӀого. Аххиралдаги, дунялги бецІцӏлъизе лӏугьун, тату хварав чи гьев шагьаралде тӀадвуссанила, дой ясни кинго ракӀалдасса уней йикинчӀила гьессда.
Гьеб шагьаралда йикӀанила цо рекъай къоролай. Бокьараб сихІру гьабизе кӀолей гӀадан йикӀанила гьей. Гьелълъул хӀакъалълъулӏ ххабарги рагӀун, цӀеххон гьелълъул рукъги, цо къоялда гьев вас вилълъанила гьелълъухъе.
- КӀодо, дун вуго вуссине ссвери гурев, ссверизе тӀокъо гурев, къватӀиб ракьалдасса вачӀарав апараг. ЦӀакъ гьарула дуда къасси дур бакӀалда сордо базе дун виччай, - илан гьаранила гьев васасс кӀодода.
Гьей рекъанила гьев васассул рагъа-ракариялда. Цо чанго сордо банила гьесс кӀодол бакӀалда. Щибаб къоялда гьев вас дов-гъовассда ццеве хӀалтӀулаанила, бакъанида, кӀодоеги жиндиегоги квине жоги босун, рокъове вачӀунаанила.
Цо къоялълъ кӏодоцца гьессда гьикъанила:
- Я, дир вас, дуцца дир кӀудияб хӀурмат-хъатир гъабулеб буго. Балагьараб меххалда, дида бичӏчӀулеб буго дур цо мурад букӀин. Дуцца дида бице дурго мурад, щиб лалеб, дида кӀвезеги бегьила дуе кумек гьабизе, – ян.
Дагьав нечарав гӀадинги лӏугьун, васасс кӀодода бицанила жиндирго мурад:
- КӀодо-эбел, гьаб шагьаралълъул рагӀалда руго цо кӀудиял кӀалгӀаби. Цо къоялълъ дида гьений цо берцинай яс йихьана. Дир гьелълъухъ рокьи ккун буго. Дун битӀахъе гӀадаллъулев вуго. Гьей яс дие щолеб нух батизе дуда кӀола, гьединлъидал цӀакъ гьарула дуда дунги гьей ясти данде гьаризе нух бате, - ян.
- Гьеб дие цӀакъ бигьаяб жо, дир вас, дуда щибго ургъел ккоге, - ян гьессдаги абун, кӀодо уна цо цІцӏаларав чияссухъе, гьессдаги гьадинаб магӀнаялълъул кагъат хъвазабула хханассухъе: “ХӀурмат тӀадегӀанав ххан, дир цохӀого цо вукӀарав вас къассисса радалиде араб бакӀ лъачӀого тӀагӀун вуго. Гьанже дун гьев валагьизе къватӀиве вахъине кколев вуго, гьединлъидал гьай дир нус дуде аманат гьаюн, дур минаялда тезе бокьун буго дие, дун тӀадвуссун вачӀинегӀан. Гьарула дуда, дун вуссинегӀан, гьай дир нус дур азбаралда, дур цӀцӏобалда теян».
Рокъоеги ячӀун, кӀодоцца жиндирго гъанссинисса хъвай-хъвагӀайги тӀад бугеб мугьру къватӀибе бахъула, гьебги кьола гьев васассухъе кӀалдиб, мацІцӏалда гъоркь лъезе. ГьебсагӀат гьев вас лӏугъуна берцинай яслъун. Гьанже гьелда ретӀуна берцинаб ретӀел-хьитги. Цинги ххадуй жийго кӀодоги лӏугьуна цо баркат-бахьи бугев чияссул ссураталда.
Гьанже рилълъуна гъел хханассухъе, доре щвейгун, кьола гъоб гӀарза. Гьебги цӀцӏалун, ххан разилъула, кӀодоги рокъое тӀадюссуна.
Гьанже хханасс гьев, ясазул ретӀел ретӀун вугев вас жиндирго ясалда асскӀове витӀула, кӀияйго яс цоцаде ракӀгъун рукӀине гьедин лълъикӀилан.
Хханассул ясалълъе гьей яс цӀакъ йокьанила. Гьелдани гьей яс гурей, вас вукӀин лъалеб букӀинчӀила. Гьедин гьел къойидасса къойиде цоцазе рокьулел, асскӀосса тӀезе кӀоларел гьудулзаби лӏугьун рукӀанила.
Цо заманалдассан гьев вас унтун, бусаде кканила.
- Дуе лӏугьараб щиб, унтулеб бакӀ щиб? - абун хханассул яс гӀемер цӀеххолданила гьессда, гьессни, дида лъалароян абун гурони, цоги батӀияб жаваб кьолароанила.
Хханассул ясалълъ гьессие батӀи-батӀиял дараби росун рачӀанила, гьессул мадарги лӏугьунеб букӀинчӀила. Жиндир гьалмагъ унтиялда ракӀбакъван, пашманго гьейги йикӀанила.
Цо нухалда унтарав гьессул къаданий гӀодой чӀчӏун йигей ясалда гьесс гьикъанила:
- Дуда ракӀалда бугищ, цо нухалда гордухъан яккун йикӀаго, дуда цо гӀолохъанчи вихьараб,
- Валлагь, буго, - янги абун, ясалълъ угьун хӏухьел биччанила.
Гьессда бичӏчӀанила гьелълъул жиндихъ рокьи ккун букӀин, гьелдаги гьикъанила:
- Гьанжеги гъов вас вихьани, лъалаанищ дуда гъов? - ан.
- ЦӀакъ лъалаан, гъоссул гьумер дида гьабсагӀатги ццебе чӀчӏун буго, - ян абунила ясалълъ.
Гъебмеххалълъ васасс жиндирго кӀалдиб букараб мугьруги къватӀибе бахъанила, гьебго лахӏзаталде гъоркь вукӏарав вас гьессулги лӏугъанила. Цин гьей яс йиххун кканила, цинги гьев васассул горбода ххурхханила.
- Гьаб гӀаламат щиб кколеб, дуцца гьабураб щиб? - ан гьикъанила ясалълъ. Васасс ккараб щинаб жо бицанила ццебессан гьелълъие. Гьелдасса ххадув вас сахлъанила, гьелги кӀиялго цоцадасса роххун рукӀанила.
Гьев хханассул вукӀанила цо гӀолохъанчи гӀурав вас. По нухалда, ясал ругеб рокъове лӏугьаравго, гьессда гъов вас вихьанила ясалълъул ссураталда. Йихьарайго, гьей ясиланги ккун, хханассул васассул рокьи кканила гьессухъ. Гьебсагlaталда инссуда асскӀовеги ун, гьесс абунила:
- Эмен, дида жакъа дир яццалда асскӀой цо берцинай яс йихьана, дир гьелълъухъ рокьи ккана, дуцца гьадай яс дие яче, ячинчӀони, дида унти ккезе буго, - ян.
- Вай, дир вас, мун гӀадаллъунищ вугев, гьей йиго россассул чӀчӏужу, нилӏехъе хьихьизе гьейги щвезаюн, гьелълъул росс валагьизе ана цо херав чи, - ян абунила инссуцца.
Васасс абунила:
- Бокьараб букӀа, диени гьей тун, батӀияй яс якьан гуро, - ян.
Инссул гьессда ццин бахъанила, васги нахъе вачахъанила. Цо чанго къоялдассан вас унтанила, аххиралдаги бусаде кканила.
Дурго ясалда асскӀой дуцца хьихьун йигей ясалълъухъ ккараб рокьуцца дур вас унтун вуго, тоххтурзабаздаги доссие щибго дару гьабизе кӀолеб гьечӀо. Гьадаб хӀалалда дов тани, кватӀичӀого дов хвезе вуго, - ян абунила хханассда вазирзабаз.
Гьебмеххалда хханассда кӀудияб ургъел чІванила, росс вугей гӀадан васассе кин ячиней, ячинчӀого, цохӀо вугев вас хвезе кин телев абун, гьабизе чара тӀагӀун вукӀанила гьев. Аххиралдаги дов, жиндирго ясалда асскӀов вугев вас, ясиланги ккун, гьей гьарун вазир витӀанила гьесс, жиндир васассе ячӀайилан.
Дов васасс гьадинаб жаваб кьунила:
- Дунялалда букӀунеб жойищ гьеб! Дирни росс вуго. Воре, воре, гьеб жоялълъул ххабар тӀокӀаб нужецца къватӀибе бахъуге, - ян.
- Валлагь, гьанже мун сабаблъун цохӀо вугев вас хвезе виччазе бегьуларо дицца, - ян абунила хханасс.
Гьебмеххалда васасс хханассда гьаранила:
- Цо лъабго къо болжал кье дуцца дие ургъизе, - ян.
- ЛълъикӀ буго, - ян хханассги кьунила лъабго къо. Гьебмеххалда васассги ясалълъги дандбанила ххадубккун гьабизессеб жо. Ясалълъ абунила:
- Гьаб ишалълъулӏ нилӏее кумек гьабизе кӀолей гӀадан йиго цохӀого цо гьагъай, мун гьаниве щвезаюрай кӀодо. Мун, гӀаданчияссда вихьиларедухъ, гьанисса къватӀивеги лӏугьун, кӀодохъе а, ххадуй дунги ячӀина. КӀодоцца малълъилеб нилӏеда гьабизе кколеб жо.
Къад гьединаб хӀукму гьабунила гьез. Къасси, чи тоххаб гӀадинаб гӀужалълъ, ццеве вас, ххадуй яс хханассул азбаралдассаги лӏутун, кӀодол гъоре щванила. КӀодода бицанила гьез жал щай рачӀаралали.
КӀодоцца абунила:
- Нужеде щибго ургъел ккоге. Нуж гьанир рукӀин лъидаго лъазе гьечӀеб. Дицца духъе кьураб мугьруги дуцца гьей ясалълъул кӀалдиб лъуни, гьей вас лӏугьине вуго. Дуцца мугьру гьелълъухъе кье; къад нуж бокьаралълъур ссверизе, тиризе ине бегъула, къассиялде рокъоре русса, Гьел кӀиязго лълъикӀалан заман банила, кӀодоцца абухъе, къад шагьаралда тира-ссверун, къасси рокъоре руссун.
Васги ясги хханассул азбаралдасса лӏутун, нахъиссеб къоялълъ хханассда лъазабунила, дур ясги гьелда асскӏой духъе аманат гьаюн, заманалълъе хьихьизе кьун йикӀарай ясги араб бакӀ лъачӀого тӀагӀун ругилан. Хханасс буюрухъ, кьунила, кисса ралагьунги, гьел кӀиялго ралагьеян. КигӀанги ралагьаниги, гьел ратизе кӀвечӀила. Ххан цӀакъ пашманлъанила, гьесс жинццаго жиндаго абунила:
- Дицца аманаталълъе ххиянат гьабизе къассд гьабун букӀана: россассул чӀчӏужу дирго васассе ячине бокьун букӀана, гьеле гьелълъие гӀоло дирго ясги тӀагӀана араб бакӀ лъачӀого, - ян.
ЛълъикӀалан меххалълъ кепалда тира-ссверулелги рукӀун, хханассул ясалълъулги гьев васассулги кодоб-хъатикь букӀараб гӀарац лӏугӀанила. Гьелълъул хӀакъалълъулӏ гьез кӀододе ургъел бикьанила.
- Нужеде щибго ургъел ккоге, гӀарац балагьизе дие бигьаяб жо, - ян жаваб гьабунила кӀодоцца.
Жиндирго сихІрабазул кумекалдалъун гьелълъ жийго херав чилъун лӏугьинаюнила, цадахъ гъов васги вачун, гьей йилълъанила довго хханассухъе. Хханассда ццееги чӀун, гьелълъ абунила:
- Гьалехха, бетӀерчӀахъаяв ххан, дида дирго вилун вукӏарав вас ватана. Гьанже дун вачӀун вуго дуде аманат гьаюн тун йикӀарай дирго нус ячине, - ян.
Гьеб рагӀараб меххалълъ, ххан виххун кканила. Гьесс абунила:
- Валлагь, дур нусги тӀагӀана гьанисса, гьейгун цадахъ гьебго сордоялълъ дир ясги тӀагӀана. Дицца гӀемерал чагӀи тӀамун рукӀана гьел ралагьизе, киргоги гьел ратизе кІвечӀо, - ян.
КӀодоццайин абуни, гьеб рагӀараб меххалълъ, бихьинчияссул ссураталда ццееги чӀчӏун, мегеж-бетӀер бетӀизе байбихьанила, гӀоданила-чІваданила.
- ГьедигӀан къуватав дур азбаралдасса дир нус тӀагӀине рес гьечӀо, гьей нужецца тӀагӀинаюн йикӀине ккола. ГьабсагӀат бице дида дир нусалълъе щиб нужецца гьабурабали, - ян ахІданила гьей кӀодо.
Гьелълъул ахӀи-хӀуралълъ гӀадамал ракӀаризе гурилан хӀинкъун, хханасс лъазабунила, гьав кӀудияв чияссе анцӀазарго меседги кьейилан, гьевги жиндир азбаралдасса нахъе витӀейилан.
- Нусазарго меседалдасса цохӀо камунги босиларо, кьечӀони, кисса-кибего ххабарги тӀибитӀизабила, дуцца дир нус чІван йигилан, мунги диваналде кьела, - ян абунила кӀодоцца.
Гьабизе жо тӀагӀанила хханассул, кьунила гьелълъие нусазарго меседги, нухда гьейги лъунила.
Рокъоре щвейгун, жидерго басрияб минаги бихханила гьез кьучІчӏдассанго. Цинги хханассухъа щвараб меседалълъухъ ххеххаб заманалда жаниб цо лълъикӀаб рукъги банила, гьев васассе хханассул ясги ячанила, бертин-туялда, кеп-гӀоркьалда гьенир гьелги танила, дунги гьаниве щванила.