top of page

سورة الفلق 

 

 

بِسْمِ اللَّـهِ الرَّحْمَـٰنِ الرَّحِيمِ 

 

 

 

 ﴾ ۱ ﴿  قُلْ أَعُوذُ بِرَبِّ الْفَلَقِ 

 

 

 

 

 

 

Суратул Палакъ II3. 

 

I. Дуцца абе МухIаммад: Дицца цIуни гьарулеб буго жинцца рогьел баккинабулев БетIергьан Аллагьассдалъун. 

 

 

 

 

  ﴾ ۲ ﴿    مِن شَرِّ مَا خَلَقَ  

 

 

 

2. Гьев Аллагьасс бижан щинаб жоялълъул квешлъиялдасса. ГIадамал ругониги, женал ругони, хIайванал ругониги. РухI бугеб букIа, рухI гьечIеб букIа жинцца зарал гьабизе бегьулеб щинаб жоялълъул заралалдасса цIуни гьарулеб буго. 

 

 

 

 

  ﴾ ۳ ﴿     وَ مِن شَرِّ غَاسِقٍ إِذَا وَقَبَ  

 

                                       

 

3. Жиндир бецIцIлъи цIакъаб сордоялълъул квешлъиялдассаги. БецIцIаб сардилI жидецца квешлъи гьабулел гIадамал ва женал къватIире рахъуна. Гьеб сордоялълъул бецIцIлъиги жинцца гIадамал хIинкъизе гьарулеб жо буго. СардилI гӏалхул хIайванги бихьуларо, борохь-кьинчIчIги бихьуларо, квешаб гвенд, борххатаб кьуру, гъваридаб кIкIалги бихьуларо. 

 

 

    ﴾ ۴ ﴿     وَ مِن شَرِّ النَّفَّاثَاتِ فِي الْعُقَدِ   

 

 

4. Жидецца кваралда гарцIцIал ран, гьезда тIаде хIухьел пун сихIру гьабулел сихIручагIазул квешлъиялдассаги цIуни гьарулеб буго дицца. 

 

 

                                       

 

 ﴾ ۵ ﴿    وَ مِن شَرِّ حَاسِدٍ إِذَا حَسَدَ   

 

 

5. Жинцца хIал хъублъи гьабулев чиясс хIал хъублъи гьабидалго гьелълъул квешлъиялдассаги цIуни гьарулеб буго. Аллагьу Акбар. 

 

 

 

Сасикьа ГIабдурахIимицца буссинабураб Къуръан тапсиралдасса 

bottom of page