﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ЗАРУЛ БАГЬА
Мала Нассрудинидаги цо пуланав чияссдаги гьоркьоб цо щибго гуреб жоялдассан дагӀба-рагӀи кканила. Аххиралдаги дагӀбадуласс Мала Нассрудипида зар кьабунила. ГьебсагӀаталдаго гьоркьоре масслихӀаталълъе чагӀиги речӀчӀун, Мала Нассрудинихъе кьабизеги щвечӀого, гьел ратӀа гьарунила.
Жинда кьабураб зарги цӀакъ захІмалъун, Мала Нассрудиницца гъов дандияв диваналде кьунила.
Цо пуланаб къоялълъ диванбегасс гьел кӀиялго ахӀанила, гьезда гьоркьобги ккараб жо цӀехханила.
Мала Нассрудиницца абунила:
- Гьасс дир магӀарзукъалазулӏ зар кьабуна. Гьединлъидал гьассдасса кколеб мухь дие бахъун кьеян гьарула дицца дуда, - ян.
Гъов Мала Нассрудинида зар кьабурав чи диванбегил гьудул вукӀанила, гьединлъидал диванбегие бокьанила гьов ххвассар гьавизе. Гьесс абунила цохӀо нухалда кьабураб заруда тӀассалӏугьун тезе бегьуларищан. Мала Нассрудин разилъичӀила. Гьебмеххалълъ диванбегицца абунила:
- Гьедин батани, гьассдассан дуе цо гӀабаси гӀарац ккола, - ян.
Гъов чиясс жиндихъ гӀарац гьечӀин, гьеб босизе, рокъове виччаян абунила.
Диванбегиццаги гьев рокъове виччанила, тӀокӀав гьанивеги вачӀунгеян абураб жо бичӀчӀизабунила.
ГӀарац босизе арав чи вачӀинегӀан Мала Нассрудин балагьанила цо сагӀаталълъ, кӀиго сагӀаталълъ. Аххиралдаги гьессда бичІчӀанила дов чи гьениве тӀадвуссун тӏокӀав вачӏунаревлъи. Диванбегицца жиндие гьабураб жоги бичӏчӀун, Мала Нассрудиницца гьессда гьикъанила:
- БетӀерчӀахъаяв диванбег, къануналда рекъон, магӀарзукъалазулӏ зар кьабурав чияссдасса цо гӀабасийищхха кколеб? - ан.
- У, - ян жаваб кьунила диванбегицца.
ЛълъикІго ссверизеги гьабун, диванбегил магӀарзукъалазулӏ зар щвезабунила Мала Нассрудиницца, цинги гьессда абунила:
- Дов, гӀабаси босизе рокъове арав чи вачӀинегӀан гьанив чӀчӏезе дир заман гьечӀо. Дов вачӀараб меххалда, доб дие кколеб гӀабаси дуего босе, - ян.