top of page

УНССОКОЛОССА ХIОЖОГИ ГУРЖИЯВГИ

(Ххалкъияб ххабар)

НекIо заманаялълъ магIарулал давладе хьвадулел рукIун руго. ГIемериссел гьел Гуржиялълъе унел рукIун руго.

Цо нухалълъ Унссоколосса ХIожо абурав чи ун вуго гьениве давла гъабизе. Щибниги жоги щвечIого, гьасс гуржиязул цо гьитIинав васс викъун, жиндаго цадахъ Унссоколове вачун вуго. Жиндирго лъималги рукIинчIого гьасс гьав жиндиего васлъун тун вуго. Вас кIудияв гIун, гIолохъанчи лIугьун вуго. Гьав кIудияв гIунагIан гьессул жиндирго ватIаналдеххун ххиялал гIемер кколел рукIун руго. ГьитIинаб меххалълъ живго вукIарав рукIа-рахъин, эбел-эмен, росу-ракь: ццебесса унеб букIун гьечIо гьассда даим. КигIан цIакъ вокьун ХIожоцца хьихьулев вукIаниги, ракI Гуржиялдеххун цIцIалеб букIун буго.

ХIожо щаклъун вуго гьассда. Къойидасса къойиде вас пашманлъулев вихьараб меххалълъ, ХIожоцца цо нухалълъ ахIун, гьикъун буго гьассда:

– Я, дир вас, мун дида гьаб заманаялълъ пашманго вихьулев вуго, щиб дуда ракIалда бугеб жо, дуе бокьараб жо щиб? Дуе бокьараб жо гьабизе буго дицца, бице дурго, – ян.

– Дуцца, дир эмен, дун гIезегIан берцингоги хьихьулев вуго, дие щибниги гьаниб камураб жоги гьечIо, кигIан кин бугониги дун ватIаналълъ цIцIалев вуго, ватIаналълъ дие рахIат толеб гьечIо. Дур ракI унтилебан дудаги абизе кIоларого, дир ракI унтун, дидаги хIехьезе кIоларого вукIана дун. Гьанже дуцца цIеххедал бицинчIого тезе бегьичIо. Виччай дуцца дун инссул росулIе, – ян бицанила васасс.

ХIожоцца цIакъ пикру гьабунила васасс бицараб жоялълъул, цIакъ кIудияб ургъел кканила гьассда. Гьадинаб пикруялълъ букIанила гьассул ургьимесс бухIулеб:

– Диего гьавурав васгIан дие гьав вокьулев, гьассие бокьараб жо гьабичIони, ракIалълъ толарев, гьадигIан ине бокьарав кин гьав чIчIезавилев, гьассдасса ватIалъун кин дун вукIинев?

Аххир хIукму гьабунила ХIожоцца: «Васассе бокьараб жо дицца нахъчIваларо. Таваккал! Гуржиялълъ дир вас вугингIаги вукIина ракI парахатлъиялълъе».

ХIожоцца чу-ярагъ, ретIел-тIеххги къачIан, вас нухда лъунила.

Вас ун дагъабго заманалдассан ХIожое вас гьавунила, жеги дагьабго заманалдассан живго ХIожоги хванила. Гьессул хIурмат гьабун, васассда ХIожо абураб цIцIар лъунила. ХIассил, васассда ХIожол ХIожоян абулеб букIун буго.

МоцIцIал анила, сонал анила, ХIожол ХIожо гIун вачIунев вукIанила. Гуржиялълъе чабхъаде хьвадун-руссун, хьвадун-руссун росдал багьардурзабиги рукIанила. Рокъоб букIа, къватIиб годекIаниб букIа, жибго чабхъадул бицун, давладул бицун рукIунел рукIанила гIадамал. БахIарчилъи гьабурассул цIцIар гьабулеб букIун буго, къадарлъи бихьарав ссуризавулев вукIун вуго. Росу рагIалде майданалде рахъун чуязда гьунарал гьаризе ругьунлъулел, гIужда туманкI речIчIизе, ххвалчен хьвагIизе ругьунлъулел рукIун руго.

ХIожол ХIожоццаги хIаракат гьабулеб букIун буго ххеххгого жиндасса кIудияз гьабулеб батараб гьабизе ругьунлъизе. Рокъоб эбелалълъги бицунеб букIун буго гьассда эмен давладе хьвадулев вукIараб куцалълъул, Гуржиялълъ вас вукIиналълъул. ХIассил, гьассул ракI чабхъаде иналълъул пикруялда букIун буго.

Цо нухалълъ къачIадун руго росдал гIолохъаби чабхъаде ине. ХIожол ХIожоцца абунила гьезда:

–  Бегьиларищ нужеда цадахъ дунги вачIине? –  ян абун.

–  Угь, гьасс бицунеб жоялълъухъ балагье, мун гIадинал гIиссинал чагIи гьенире кин унел? Щиб дуцца гьениб гьабун бажарилеб жого? Рокъов чIчIа, гьудул, кIваричIин дуе чабхъенго.

–  Бугониги дун нужеда цадахъ вачIине къачIала, –  янги абун, гьасс рокъовеги вилълъун  хIадурлъи гьабун  буго. Эбелги гьедигIан данде чIчIун. гьечIо гьассда, щайин абуни, доб заманаялълъ гьеб цIакъ билълъараб жо букIун буго.

– Гьав ХIожол ХIожо нилIеда цадахъ вилълъани, нилIее нухда гьассул квалквал гуреб тIокIаб жо ккеларо, рачIа гьав вагъа-вашаризегIан нилI ххеххго рахъун, гьаб ракь тезин, –  абураб хIукму гьабунила гIолохъабаз.

Ихдалил къоялъ хъахIлъи балелдего анссадерил гIолохъабазул гьитIинабго къокъаялълъ росу танила.

Радал вахъаравго ХIожол ХIожо къачIан чу-ярагъгун, эбелалълъе къо-мехх лълъикI гьабун, рекIун, кьабун чода цIцIалгун къватIиве вахъанила. Балагьанила, ун ругила гьалмагъзаби гьавги тун.

Гьаб жо квеш рекIедаги унтун, ццимги бахъун, кьабизабунила гьасс гьазда ххадуб. Бер рукIкIиналде гIазул мугIрузул ракьанда къайиги чIван, сордо базе рещтIараб анссадерил къукъаялде тIаде кканила гьав.

 –  Ассалам гIалайкум гIолохъаби!

–  ВагIалайкум салам, рещтIа!

–  РещтIинаро,  нужеда цадахъ рещтIине бокьун букIарабани, нуж дунги тун инароан. ХIожол ХIожоцца   ХIожол   цIцIар   гIодоб   толареблъи лъай нужеда, –  абураб рагIиги реххун, ХIожо довегIанги ун, хIатIихьен бан чуги биччан, живго цохIо къайиги чIван чIчIун вуго.

Радал бахъун, къокъа ун буго цояб рахъалдеххун балагьун, ХIожол ХIожо ун вуго цояб рахъалдеххун балагьун.

Гуржиязул мугIрузда терелевги вукIун, аххир цо бакIалда ХIожол ХIожода цо гIулбузул илхъи бихьун буго. РачIа дицца гьаб илхъи хъамун бажаруларищали бихьизин абураб жо ракIалде ккун буго гьассда. Лъабго-ункъо илхъичиги ватун, кьвагьи-гIанхъиги ккун, ХIожол ХIожо лIукъ-лIукъун гIодов ккун вуго. РачIун руго гуржиял тIаде, цIеххон бу­го  –  мун щив, кисса  –  ян абун. Щиб гьабуниги бицун гьечIо гьасс. Гьаб гъалмагъалалде тIаде цоги гIиял къаяздасса гIадамалги рачIун руго. Ссверун лIугьун балагьанила гьал, пайда щиб  –  лIукъ-лIукъун хвеялде ван вугониги, къорицца ккураб бацI гIадин ццидаххарав ярагьунев гьитIинав гIолохъанчи вугила. Цояз абунила бацIицца бацIил гIамал теларин, рачIайин гьав чIван реххизин абун, цояз абунила гIайиб гурищ гьитIинав гIоло­хъанчи, гьаб сапар гьадин ккун тун нахъа тIокIав вачIинарин гьав, рачIа гурхIел гьабизин абун. Аххир цоясс абунила гьав чи диццаго хьихьизе тIадеги восила, рокъовеги вачина абун. Гьассде гIемер данде чIчIолев чиго вахъинчIого гуржиясс ХIожол ХIожо гьакидаги лъун жиндирго рокъове щвезавунила.

Гуржиясс лълъикIал даручагIи ахIун, ХIожол ХIожое дараби гьаризе тIамунила, лълъикIаб квен кьун, хьихьанила, цIакъ гьассул ургъел гьабуни­ла. Цо моцIцIгIанаб мехх бараб меххалълъ ццеве вукIарав гIадав чи лIугьанила гьассул. ЛIугьараб щинаб жоялълъул пикру-хIисаб гьабураб меххалълъ ХIожол ХIожода гьадинаб жо ракIалде кканила:

– ГьадигIан дие хъулухъги гьабун, захIматги бихьун дун щайдай гьав чияссе? Мун щив абун  тIоццебе цIеххараб   меххалълъ  диццаги   бицинчIо, тIокIаб гьассги цIеххечIо, рачIа дицца гьалълъул цо кIалъай гьабизин гьассдеххун, кин бугониги дир рухI хвассар гьабурав чи вуго гьав, гьаб жо дида кIочон тезе бегьиларо.

Цо къоялълъ ХIожол ХIожоцца гуржияссе жиндир ракI чучанила:

–  Дун вуго Унссоколосса ХIожол ХIожо, дуцца дун холев бакIалдасса вахъинавуна, дуе гьабизе лълъикIлъи лъаларого вуго дун, дуцца дун цIакъ нечезавуна, ххассго гьаб лIукъел ккеялълъе сабабги дун рокъове вачун хьихьизе гIадаб букIинчIелълъул. ХIисаб щиб дуцца дие гьаб лълъикIлъи гьабиялълъе, гьалълъул цо магIна батила?

Гуржияв, гьасс гьаб ххабар бицараб меххалълъ, цо тамашаго вохханила. Тирщун тIадеги вахъун, бан къвалгун къочанила ХIожол ХIожода, роххалил магIу бачIанила чваххун; гьанже бицанила гуржиясс гьаб ххабар:

 –  Дур инссуцца дун, гьитIинав чи, гьанже мун гIадин вачIинеги вачIун гьанивегун гьанисса хъамун ун вукIана Унссоколове. Гьенив гьесс дун жиндирго васлъун хьихьана цо чанго соналълъ, цинги, гIолохъанчиги гIезавун рокъове виччантана дир гьариялда рекъон. Дун дова вугеб меххалълъ дир ракI гьанибе, гуржиялълъе цIцIалаан, гьаниве щун тун ххадуб дир ракI кидаго Унссоколиб букIунаан. ЛIукъун магIарда мун ватараб меххалълъ танкан абун Анссадерил росу, гIолохъаби, живго ХIожо, гьессул хъизан ццебе бачIун чIчIана дида, дирго вацц вихьаравгIанги воххун вукIана дун мун вихьараб меххалълъ. Бихьулищ дуда, вукIинеги дир вацц вукIун вуго мун. НилIер гьаб гьоркьоблъи, кватIун бугониги, тIатун лълъикI ккана.

ХIожол ХIожоцца гьелдасса нахъеги бана гьаниб цо моцIцIганассеб мехх. Ине бокьараб меххалълъ гуржиясс гьассие лълъикIаб чу-ярагъгун ретIел-тIеххги къачIанила; ххуржинир эбелалълъе сайигъаталги лъун, цIакъ лълъикIаб хIалалда нухда тIамунила.

ХIожол ХIожо рокъове щун цо-кIиго лъагIел бараб меххалълъ эбелалде ракIалде кканила гьассие чIчIужу ячине. Гьеб пикру васассда бицараб меххалълъ гьавги разилъун къачIадизе лIугьанила. РосолIа жидеда рекъарай гIаданги ятун, гьассие гьейги гьелълъие гьавги вокьун, къотIи-къайги тIубан, бертаде къачIаданила. ХIожол ХIожоцца хъван кагъат битIун буго Гуржиялде жиндирго гьобол берталълъе ахIун.

Бертаде кIиго къо ххутIараб меххалълъ кIиго-лъабго гьалмагъзабигун цадахъ, гIемераб сайигъатгун щванила гуржияв. Росолълъе лIугьун вачIунев меххалълъ лълъадаре унел ясазул къокъа данде кканила гьассда. Гьезда гьоркьой йикIарай цо хъахIаб гормендуги къарай, чIчIегIераб кьенссер-бералълъул гIадамалълъул берцинлъиялълъухъ балагьун виххун ххутIанила гьав. ХIожол ХIожохъе щвараб сагIаталълъ гьасс жинда йихьарай гIадамалълъул бицанила. ХIожол ХIожоцца абунила гьассда:

–  Дидасса кIудиявги вуго мун, амма дуцца жеги чIчIужу ячун гьечIо. Дир хIисабалда тIоццебе дур бертин тIубазабизе ккола нилIецца. РачIа нилIецца гьадай дуда  йихьарай гIадан дуе ячинин, цинги дир бертадул тIалабги гьабила нилIецца. Гуржиясс абунила:

–  Дуцца бицунеб битIараб буго, амма нижехъ чIчIужу гьедигIан ххехх ячунаро. Лъеберго, лъебералда щуго сон бараб  меххалълъ рачуна нижехъ лълъудби. Гьанже дун ригьалде щунги вуго, дун дур гIакълуялда рекъола. КIиябго бертин тIубазабила нилIецца.

Гьанже ХIожол ХIожоцца жиндирго бертин гъоболассе ссверизабунила. Гуржияссе йокьарай ясги жиндирго абурай гIадан ятун, гьасс инеги ун гьелълъул эбел-инссуда ва гьелда жиндаго ккараб жо ва жинцца ваццассул бакIалда вугев гьоболассул адаб-хIурмат цIунун гьабураб хIукмуялълъул бицанила.

Яс ссихI къотIун чIчIанила. Эбел-инссуцца абунила:

–  Ясалълъул иххтияр нижецца духъе кьуни бугин, дуего бокьараб гьабе,  –  ян.

Нахъеяб къоялълъ гуржияссул гъалмагъзабазда цо Унссоколосса чиясс бицун лъан буго гуржияссе ячинехъиней йигей гIадан ХIожол абурай яс йикIин. Гьез бицун, гуржиясс цIакъ гIажаиблъи гьабун, жиндир ккараб гъалатIалълъулги ХIожоцца жиндие гьабизехъинеб букIараб намусалълъулги пикру гьабун тамашалъун ххутIанила. Вилълъун ХIожода кIудияб гIайибги гьабун, хъващтIан бертин ХIожоде буссинабиялълъул тIалаб гьабунила гьасс. Анкь Унссоколобги бан, ссухIмат-кепги тIубазабун, гьудул-гьалмагъзабазе сайигъаталълъе анссадерил тIилал, хъалиябиги росун нахъ вуссанила гьав.

Рокъове щун дагьаб мехх балелде гьасс чIчIужуги ячанила, ххеххгого гьазие васги гьавунила. Жиндир заман щвараб меххалълъ гьев васги цIцIализе витIун паракъат вукIанила гьав. ЛълъикIалан сонал анила, цо заманаялълъ ХIожоде ракIги щун, гьасс хъванила кагъат, дагьаб мехх базе, хъизанги бачун, мун нижехъе вачIа абун. Живго ине ссанагIат бугеб заман букIинчIила гьассул.

ХIожо хъизанги бачун вачIанила гьассухъе. ХIожол гьеб меххалълъ кIиго лъагIарав гIадав вас вукIанила, гьевги кIудияй эбелалълъухь тун ун руго гьал гуржиялълъе. Анкь бараб гIадинаб меххалълъ гуржияв цадахъ чIчIужуги ячун цо къваригIилалълъе ине ккун, ХIожода абунила гьасс, дун цо лъабго къоялдассан вуссинин, дуцца гьаб рукъ-къаялълъулги тIалаб гьабе, квешав чи ва цIцIогьорассдасса цIцIодорлъиги гьабеян абун.

Доб заман букIун буго цIакъ квешаб заман. Щивасс жинди-жиндир бакI, хъала цIунулеб гIадин, цIунизе кколеб букIун буго. Багьадурлъи-бахIарчилъийин абун талавурчилъи-цIцIогьги цIакъ тIибитIун букIун буго. Цояз бикъулеб-хъамулеб, цояз чIвалел, цоял цIцIогьабазда ххадур, гьедин бада-гъудуралълъул заман букIун буго. Кодоб ярагъ гьечIого чи сапаралдеяли щай гурин, магъилълъе, хIатта рокъосса къватIивецин лIугьунареб заман букIун буго.

Гуржияв ун нахъияб сордоялълъ цIцIализе ун вукIарав гьассул вас моцIцI базе рукъове виччарав чи Тулписалдеги щун, каву буххун буго. ХIожода гьаб рагIун гьечIо. ГIемераб меххалълъ буххун рагIичIеб меххалълъ гьав вас живго ругьунаб бакIалдасса тIадеги вахун, кавуда тIассан дваман рагьде кIанцIун вачIун вуго. Гьеб меххалълъ ворчIарав чи, ХIожо босун туманкIгун кIанцIарав къватIиве, гьабураб гьаракь: гьав диде ахIдолев чияр чиго щиван абун ракIалде ккарав вас ссихI къотIун чIчIун вуго. Гьедин гъов чIчIараб меххалълъ ХIожоцца, гьав чи лълъикIав чи гурилан абураб жоги ракIалде ккун, речIчIун туманкIгун чIван реххун вуго гуржияссул вас.

Жинцца чIварав чи щивалицин лъачIого, ХIожоцца вехъерхъун гьав гъоркьарокъове реххун тун вуго. Ургъел ккун гIадинги вукIанила гьав цин, бугониги, нахъа ракIги гIодобе биччан, гьедегIан пикруго гъабичIого гIадин ххутIанила гьаб иш гуржияв вуссинегIан.

Цо заманаялълъ рачIанила гуржиявги чIчIужуги.

–  Гьа, кканищ щибниги жо дун гьечIого? –  ян гьикъанила гьасс.

–  Валлагь, къассде цIцIогьоде вачIун вукIарав цо чи вугинхха гьагъава дицца чIван,  лъаларо щивали,  мунго  балагьехха,  –  ян  абунила ХIожоцца.

Вилълъун балагьанила гуржияв, вугила жиндирго цохIо вукIарав вас чIван лъун бухIун чехьги бахъун, хIанчIун жиндирго кIветIгун, вилълъанила гьав жиндирго чIчIужуялълъухъе. Бицанила гьалда лIугьараб жо. ГIодизе-чIвадизе лIугьуней йикIанила гьай, россасс абунила:

–  Гьанже гьелълъул пайда  гьечIин, гьаб  иш нилIецца  къватIибе бахъичIого   бахчизе ккола, ххассго    гьоболассда    лъазе   биччазе   бегьиларо. НилIецца вас ахикь вукъила кколеб хIалалда, –  ян абун.

Гьаз васги вукъанила щибниги ХIожода ва гьессул чIчIужуялда хIал лъазе биччачIого. Цодагьал къоял ран ххадуб гьалги Унссоколоре руссанила.

Гьал ун ххадуб, кколеб ххадуб жоги гьабунила гуржиясс васассе.

ХIожо рокъове щун моцIцI балелде ххадуб гуржияссул кагъат бачIанила:

–  Дуда чIварав чи, –  ян хъвалеб букIанила гьасс, –  дир вас вукIана. Дир чехь бухIараб гIечIого, дургийищ гьанже бухIизабилебан дицца дуда лъазабичIого тана. КигIан кин бугониги, бидухъ би абураб нужерго кициялда рекъон, дир васассул би гIодоб тезе бокьун гьечIо дие. Дуцца дихъе дурго вас витIе чIвазе, нилIер гьудуллъи   тIечIого    гIаданлъиялда билълъинабизе ракIалда батани.

Цин ХIожол жинцца чIварассда ракI гурхIанила, цинги жиндир вас чIвазе витIиялълъул ургъел кканила гьассда. Бералда бихьулаго чIвазе вас кин витIилев? ВитIичIого тани магIарул яхI-намус, гьелдасса цIакъаб бидухъ би бецIизе кколеб гIадат. Цояб рахъалдассан чIчIужу йигила юхарилей-чIвадилей.

ГIемер ургъараб меххалълъ гьазул хIукму кканила вас витIизе. МагIирукъ лъун букIанила гьассул рокъоб вас инегIанго. Къо-мехх лълъикIги гьабун, витIун анила вас. Цо анцIго къоялдассан витIарав чиги вуссанила бидул цIураб васассул ретIелги босун. Цо дагьаб заман ун ххадуб ХIожол ХIожое цоги вас гьавунила. Гьалълъул ххабар гьасс Гуржиялълъе гьоболассухъеги битIанила. Гьасс хъванила гуржияссде:

 –  Дидасса ххатIа ккун дур васги хванин, дуцца гьессул рецIелги бахъанин. Гьанже нилI цоцазда тIассаги лIугьун, ракIазулI хъублъиялълъул рагIадгIаги ккун батани, гьебги нахъе бацIцIад гьабун цIияб гьудуллъи гьабизин. Дуцца чIварав васассул бакIалда дие васги гьавунин абун.

Гуржиясс жиндихъе кагъат босун вачIарав чияссухъе кьун гьассие гьадинаб жаваб бачIанила.

–  Гъоб дуцца бицунеб хъублъиялълъул рагIадали щай гурии, дир рекIелI гьелълъул махIцин гьечIо. Амма нужерго гIадат билълъинабизе ккола тIубараб куцалда, –  ян хъвалеб букIанила гьасс, –  дуцца чIварав дир вас вукIана цIцIалун лIугIизе гIагарарав гIолохъанчи; дуцца дихъе чIвазе битIун бачIана лъимер. Кин кколеб дуда, нилI рарщалъун ругищ? Дир хIисабалда гьечIо. Рарщалъизе ккани, дуцца дихъе чIвазе гьев цояв вас­ги витIизе ккола. Гьеб меххалълъ тIуба-гъубала нилIер гьоркьоблъи.

Гьанже цIакъго ургъел кканила ХIожодаги чIчIужуялдаги. ХIожоцца гIемер пикру гьабунила гуржиясс бачIараб кагътил. ХIисаб гьабураб меххалълъ гуржияссул пикру битIун бихьанила гьассда. Гуржияссул бакIалда дунго вукIаравани, диццаги гьедин гьабилаанин абураб жоялда ракI чIчIанила гьассул.

ГIодулей-чIвадулей эбелги тун анила вас витIун. ИчIго-анцIго къо иналде бидулI белъараб ретIелги бачIанила.

КIиявго васассдассаги махIрумлъун, кIудияб ургъалида инел рукIанила ХIожолги чIчIужуялълъулги сонал. ГIажаиблъун гIадамалги рукIанила гьазда, бералда бихьулаго чIвазе лъималги ритIун, гьаз гьабураб жоялълъухъан абун. ГIадамаз толел рукIинчIила гьал цо хIалалда гьеб-доб бицунаго. Гьаб къагIидаялда анила 14-15 сон.

Ххабар гьечIого цо нухалълъ гуржияссул кагъат бачIанила. Лъималазул хобалдеги рахине, гьел ракIалде щвейги гьабизе, дагьаб мехх жидехъги базе рачIаян ахIулел рукIанила гьасс гьал.

Ургъанила росс-лълъади ун лълъикIдай, лълъикI гуродай абун. КIиязулго ракI иналда тIад рекъолеб букIанила, амма гIадамаз васвасал ккезарулел рукIун руго.

–  Валлагь, гьанже гьев тушманассде тIадеги ани, анкьабго рекъезабила нужецца, –  ян абулеб букIанила гьаз.

ГIадамазухъги гIинтIамичIого, кьабун рахъун анила гьал. Лъимала­зул хобалгIаги гурищ нилIеда рихьилелан абураб пикруялълъ рекIее парахалъи бачIунеб букIанила гьазул.

Щванила гьал гуржиялълъе. Ххош-баш гьабунила гьалбадерицца, цинги гьазул ракI гьалакго букIинги лъан, гьаз ХIожоги чIчIужуги ахикье рачанила. Рихьизарунила гьаз хобал. Бугила цо кIудияб хоб; гьелда асскIоб кIиго гьитIинаб хобги бугила. ТIад тIугьдул чIчIун берцинго къачIанги ругила гьал. ХIожоги гьессул лълъадиги ракIалги пашманлъун, дагьал гIодизеги гIодун, гьалбадерицца рокъоре рачанила.

Балагьанила, бугила кIудияб тIутI къачIан, тIутIалда тIад квана-гьекъолеб жоялълъул камураб жо гьечIила. Ссверун гIодор чIчIун гIемерал цIакъ аваданал кепал гьалбал ругила. Гьал гIодор чIчIезе бакIги бугила хIадур гьабун тун.

ГIодор чIчIезарун гьалбалгун киназго лълъарал цIунила. Рукъалълъул бетIерасс борххун жиндирго лълъаргун, жиндир гьитIинаб меххалдасса нахъе Унссоколосса ХIожолгун ккараб щинаб жо бицанила, цинги абунила гьасс:

–  Дир вас ХIожол ХIожоцца ххатIаялдалъун чIвана. ХхатIаялдалъун гуро ургъунго чIван вукIараваниги дицца гьессул кIиявго васали щай гурин, цонигияссда килищ хъвазецин ракIалде ккелароан. Бидул тушманлъиялда тIад рекъоларо дун. ЛекIаз бидул тушманлъиялълъул гIадат кутакалда хIалтIизабула. Гьедин гуребани, ХIожол ХIожоцца дихъе чIвазе васал ритIилаанищ? Кидаго ритIилароан. Дицца гьел чIван рукIараланийищ лълъикI  букIинебан,  ялъуни  дицца гьабураб куцищ  лълъикI?  Ургьун рихье нуж, – анги абун, гьасс абунила жиндирго чIчIужуялда, – рачея гъол гьанире  –  ян.

Инеги ун, чIчIужу доб рокъосса цIубараб моцIцI гIадав кIиго васги цадахъ гьавун ячIанила. НуцIцIил кIалтIа рахъун чIчIун гьалги тун, гьай жиндирго бакIалда гIодой чIчIанила.

 –  Гьале нужер кIиявго вас, –  ай абунила гуржиясс ХIожодаги чIчIужуялдаги, – нужер гIадат билълъинабун букIарабани, жакъа нужеда гьал рихьизе рукIинчIо.

Гьеб меххалълъ цинги ХIожоги чIчIужуги роххуцца гIодулаго ххурхханила кIиявго васассда. ЛълъикIалан меххалълъ жалго гьалги тун ссихI къотIун чIчIанила гьанир рукIарал гьалбал. Гьазухъ балагьун ракI къварилъанила гьазул. Цинги гьалги гIодорчIчIун паракъалъараб меххалълъ гуржиясс ххадуб кинаццаго гьураги ахIун гьазул савлухъ гьекъанила.

КIиабилеб лълъар борххараб меххалълъ гуржиясс абунила:

–  Дицца гьаб лълъар   гьекъола   ХIожол   ХIожолълъги   гьессда   релълъарал цогидал лекIазулълъги бугеб яхIгун намус, гъорлI бидул тушманлъи гьечIого, наслуялълъ наслуялълъухъе кьолаго, азарго соназ чIахъулаго айги абураб жоялълъе гIолон.

Гьассул гьаб каламалда киналго разилъун гьураги ахIун гьекъанила. Ххадуссеб лълъар ХIожол ХIожоцца борхханила: гьасс абунила:

–  АнцIила щугониги соналълъ диццаги дир чIчIужуялълъги бидул тушманлъиялълъул кьогIлъи чIамуна. АнцIила щуябго соналълъ гьав чиясс нижер кIиявго вас чIваравилан абураб жоялълъ бухIулеб букIана нижер ургьимесс. Бидул тушманлъи бидул ваццлъиялде буссинабизе рекIел хIал гIурав бахIарчияссул савлухъ гьекъола дицца, –  абун.

Гьазул гьаб квана-гьекъей бертаде буссанила. Лъабго сордо-къоялълъ гьабунила гьаз бертин-ссухIмат. Ункъабилеб къоялълъ жалго ххутIараб меххалълъ абунила гуржиясс: – Ле, гьудул, ХIожо! КIиго васгун мун, цониги гьечIого дун, бегьилищ гьедин.

– Бегьиларо.

– Кинха гьабилеб?

– Дуццаго бокьараб хIукму гьабе, гьаб ишалда жаниб дир щибниги рагIи бицине бакI гьечIо, дун дуе мукIурав вуго.

–  Дие бокьарабги гьабиларо, рачIа васазе бокьараб гьабизин. – РачIахха.

АхIанила васал. Гьикъанила гьазда гуржиясс:

– Нижги руго нужер эбел-эмен, гьалги руго. Бокьарав гьазда цадахъ а, бокьарав нижеда цадахъ чIчIа.

Гьас гьадин абураб меххалълъ кIудиявав гуржияссдеххун балагьун гьиманила, гьитIинавав эбелалдеххун къанила.

ЧIаго ратаралдасса нахъе кIиявго гьанив таниги ургъел щибанги абун, ХIожоги чIчIужуги гьитIинав васги вачун магIарухъе руссанила. ГIорхъоде щвезегIан гьал тIоритIизе гуржиявги кIудияв васги рачанила.

bottom of page