top of page

КІИГО ГЬЕРССИХЪАН

ВукӀанила, вукӀинчӀила кӀиго мадугьал. Гьезул цояссул цӀцӏар Дацци букӀанила, цояссул Ацци букӏанила. Гьез кидаго цоцазе гьерссал рицунаанила. ГӀемер гьединал гьерссал рициналълъ, гьел аххирги жалгоги божизе лӏугьанила жидедаго. Цо нухалълъ Даццицца Аццида абунила:

- Дир инссул букӀана лълъиданиги ххалалъи борцине кӀоларебгӀан кӀудияб чол бокь. Цояб рахъалдасса цогидаб рахъалде щвезегӀан щибаб нухалълъ гӀалаялълъ цо-цо тагьи гьабулаан. Гьеб гӀажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечӀищхха, Ацци?

- Буго. Гьелдассаги гӀажаиблъи гьабизе ккаралги жал ругелхха. Дуда лъалищ, нижер букӀана цо кӀудияб къвалакь чІвалеб тӀил. Гьалагал накӀкӀал зодоре рачӀингун, нижер эбел азбаралде кӀанцӀулаан, цинги гьебги хьвагӀун, накІкӀал нахъе рачахъулаан. Гьелдасса ххадуб цӀцӏадги балароан.

- ВахІ, унго киб лъунхха нужецца гьеб тӀил цӀунулеб букӀараб? - ан гьикъанила гьалмагъассул ххарбицца тамашалъизавурав Даццицца.

- Унго, дуда лъаларебанищ, нижецца гьеб тӀил нужер доб чуязул бокьалълъул мукърукь къазабун букӀин? - ан суалалълъе суалалдалъун жаваб кьунила Аццицца.

jigo herSi]an

wujanila, wujinzila jigo maduhal. heRul coyaSul Var daCi bujanila, coyaSul aCi bujanila. heR kidago cocaRe herSal ricunaanila. femer hedinal herSal ricina', hel a{irgi Dalgogi boDiRe fuhanila Didedago. co nu[a' daCiCa aCida abunila

- dir inSul bujana 'idanigi {ala;i borcine jolarebfan judiyab xol bop. coyab ra]aldaSa cogidab ra]alde ?weRefan ?ibab nu[a' falaya' co-co tahi habulaan. heb faDaib;i habiRe Karab Do hezi?{a, aCi&

- bugo. heldaSagi faDaib;i habiRe Karalgi Dal rugel{a. duda ;ali?, niDer bujana co judiyab qwalap zwaleb Til. halagal naJal Rodore razingun, niDer ebel aRbaralde janvulaan, cingi hebgi Fwafun, naJal na]e racha]ulaan. heldaSa {adub Vadgi balaroan.

- wa\, ungo kib ;un{a nuDeCa heb Til vunuleb bujarab& - an hiqanila halmaGaSul {arbiCa tama/a;iRawuraw daCiCa.

- ungo, duda ;alarebani?, niDeCa heb Til nuDer dob xuyaRul bopa'ul muqrup qaRabun bujin& - an suala'e sualalda;un Davab punila aCiCa.

bottom of page