top of page

Бацӏги гъотӏоркӏоги

Цо гӏиял рехъалълъа чахъуги хъамун, тӀуранила БацІ.

Гьебги бачун, щванила цо гъотӀода гъоркье. Гьелда гьотӀода кьабулеб гьаракь рагӀанила. Реххун чахъуги тун, гьениссаги тӀуранила БацІ дагьабги кутакалда. Нахъбуссун балагьараб меххалълъ, гӀаданги вихьичӀила, гьотӀода кьабелеб ГъотӀоркӀо батанила. «Огь, бачӀинеб батилахха дуде цо талихІ къараб къо. Дур гьеб квартӀил гьаракь тӀагӀараб мехх гьечӏо, устарги дур, кигӀан кьабаниги, лӏугьинаро», - ян абунила БацӀицца ГъотӀоркӀоялда.

ГъотӀоркӀоялълъ данде абунила: «Дур бетӀералде балагь бачӀине кӀутӀулеб буго дицца гьаб квартӀа, нахъасса къотӀичӀого бикъулеб бугониги, дуеги я рехъен гӀечӀо, я гьелълъул бетӀергьанлъун бахъинчӀо», — ян.

bottom of page