top of page
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ХІАКИМАССЕ ЖАВАБ
Мала Нассрудинилги цо пуланав чияссулги дагӏба-рагӀи ккун, гьел рачун руго хӀакимассухъе. Цо чанго къоялълъ ццевеххунги цо кинабалиго иш ккун, гьевго хӀакимассухъе ккун вукӀун вуго Мала Нассрудин.
Мала Нассрудин вихьарабго, хӀакимасс абунила:
- Нечоларищ мун, Мала Нассрудин, кӀиабилеб нух буго дур гьаниве вачӀунев! - ан.
- Щиб, батӀаго бегьулареб жойищ гьеб бугеб? - жаваб кьунила Мала Нассрудиницца. - ан
- Бегьилищхха цинги, дуда лъаларогойищ бугеб, яхІ-намус бугев чи гьаниве вачӀунаревлъи, ян абунила хӀакимасс.
- ВахІ, дунали гьаниве кӀиабилеб нухалълъ щолев вуго, мунилан абуни, щибаб Аллагьассул бачӀанщинаб къоялълъ гьанив вуго, - ян жаваб кьунила Мала Нассрудиницца.
bottom of page