top of page

ГІАЧИВЕХЬ

ГьерекӀдерил магӀарда жамагӀаталълъул гӀачиязда вукӀун вугила къватӀиб росулӏа вачӀарав цо мискинав чи. Гьеб заманалда хьиндалазул гӀезегӀанго гӀадамал унел рукӀун руго Азайниб вугев хханассухъе, гьессие сайгъаталълъе батӀи-батӀияб пихъил цӀурал гьагьалги лъун, хӀамулги рачун.

Гьев хханассги жив кӀодо гьавун рачӀарал гьел гӀадамазе гьез бачӀаралдаго рекъараб батӀи-батӀияб сайигъат-салам кьун, ритӀулел рукӀанила. Ххассго басрияб, бихъа-тараб ретӀел-хьит, партал гӀемер кьолеб букӀанила гьесс.

Цо нухалда дов гӀачивехьассул чӀчӏужуялълъ жиндирго россассда абунила:

- Ле, дир бетӀергьанчи, нилӏги хьит-парталалълъул цӀакъго язихъго руго, мунги щай унарев Азайниве хханассухъе, гьессие кинаб букӀаниги сайигъатги босун. Гьенире арал гӀадамалги, партал-хьитги щун, рачӀунел руго, - ян.

- Дунни гьениве кутакалда инаан, гьессие босизе жо бугебани, нилӏерго щибго гьечӀо гури, щиб босун дун гьессухъе инев? - ан абунила россасс.

- Дицца курак балагьилин, гьедин батани, мун ине къачӀай, — ан абунила чӀчӏужуялълъ.

Чанго къоялълъ тӀатӀалаго батӀи-батӀиял гӀадамазе ццебе ккара-ккараб хӀалтӀи гьабизеги хьвадун, цо хӀамида лъезе гьагьал цӀезегӀанассеб курак балагьанила чӀчӏужуялълъ.

Цо кӀудияб сапаралълъ къватӀиве вахъунев чи гӀадин, рачІчӏ хӀулараб хӀамида куракул гьагьалги лъун, Азайниб хханассухъе сапарги бухьун, вехьги къватӀиве вахъанила.

Россасс гьенисса рачӀунел жалазул пикрабиги гьарулаго, йохха-ххинлъун гьев вачӀинегӀан, гӀачиязде хьвадилей чӀчӏужуги йикӀанила.

ГьерекІдерил мегӀерги бегун, эрпелдерил магӀарде щвараб меххалда, вехьассда дандчІванила кутакалда ретӀел-хьиталълъ къачӀарал, месед-гӀарцуцца гвангъизабураб ярагъги барал, гъоркь чӀчӏоларел кьариял чуязда рекӀерал цо чагӀи. ГӀачивехь данде ккейгун, гьез чуял лъалхъизарунила, цинги бищунго ццеве вукӀарасс, нухлулассдеххунги вуссун, гьадин абунила:

- Ле, нухлулав, мун щив чи, мун кисса вачӀунев, киве унев чи? - ян.

«Мун щив чи?» - абураб суалалълъе «Дун вуго цо чи», ян жавабги кьун, цогидал суалазе жавабги кьечӀого, гьев ине лӏугьанила.

Жидее дагьаб курак бичейилан гьаранила гьесс гӏачивехьассда. ГӀачивехьасс абунила:

- Валлагь, бичиларо, гьеб буго цӀакъ рикӏкӀадасса бахъараб Азайнисса хханассе сайгъаталълъе босун унеб бугеб жо, - ян.

ГӀемер гьарданила гьел гьессда дагьаб жогӀаги бичеян, жидецца дуе дуцца абураб гӀарацги кьелин. Нужецца киган гӀемераб гӀарац кьуниги, бичиларилан вехьассги абунила.

- ЛълъикӀ бугохха, а дурго Азайниве, ян абунила гьессда хъахӀаб чода рекӀун вукӀарав чиясс. Гьев чи живго Азайнисса ххан вукӀанила.

Жиндирго хӀамаги ццебе къотӀун, вехь Азайниве валагъун вилълъанила. МагӀардаги ссверун, хханги гьессул нукарзабиги вехьассдасса ццере рокъоре щванила. Гьел рукӀанила ххангун цадахъ мугӀрузде рекӀелгъеялълъе тира-ссверизе арал чаги. Цо заманалдассан гӀачивехьги щванила Азайниве, хханассул рукъги цӀеххон, гьенив рещтӀанила, гьессие сайигъаталълъе босараб куракги кьунила.

Хханасул чагӀаз гьессиеги, хъизамалълъеги бихъа-тараб ретӀел-хьитги гӀарацги кьунила, цинги нахъияб къоялълъ, берцинго, разиго нухда лъунила.

ГӀачивехь нухде вахъун гӀемер мехх балелде, нукарзабаздасса цоясс хханассда гьадин абунила:

- Гьадав гьоболассе кьурабгӀанассеб жо, гьабго щинаб заманалда дуе нукарлъи гьабулел ругониги, дуцца нижее кьечӀо. Гьеб дир ракӀалълъе цӀакъ захІмалъана. ГьабсагӀаталда доссда ххадувги ун, дуцца доссие къураб жо бахъизе ракӀалде ккун буго дида, - ян.

- ЛълъикӀ буго, - ян абунила жиндирго нукар къварид гьавизе бокьичӀого хханасс, - цинги дуцца доссие ярагъ-квералдалъун щибго жо гьабуге, кӀолеб бугони, ххабар-кӀалалдалъун бахъе.

Бан лълъикӀаб ярагъгун, рекӀун чодагун, нукар вахъанила гӀачивехьассда ххадув. Хханасул ракь телалдего, нукар гьессда ххадув гъунила, цинги борххатаб гьаркьидалъун ахӀанила гӀачивехьассде:

- Ле, нухлулав, мун чӀчӏа, хханасс дун витӀун вуго мун нахъвуссинавун жиндихъего вачейилан! - ян.

Щибизедай дун гьессие абун, батӀи-батӀиял пикрабиги гьарулаго, вехь цӀакъго ургъалилӏе кканила.

Гьев дагьавги захІматаб хӀалалде ккезавизе къваригӀун, тӀаде щварав нукарасс гьессда абунила:

- Дицца кьураб лъабго суалалълъе дуцца битӀун жаваб кьуни, дицца мун нахъвуссинавун вачинчӀого тела, - ян.

ЛълъикӀ бугилан вехьги разилъанила.

- Кье дурго суалал, дицца кІвараб куцалда дур гьел суалазе жаваб кьела, - ян абунила вехьасс.

- Гьаб дунялалълъул бакьулӏ бакӀ киб бугеб? - ан гьикъанила нукарасс гьессда тӀоццебе.

- Гьаб дир чӀчӏегӀераб хӀамил щинкӀил чӀчӏараб бакӀалда гъоркь буго, гьелда божиларин ккани, борце дуццаго, - ян абунила гӀачивехьасс нукарассда.

Бегьанила вехьассул гьеб жаваб нукарассе.

- Гьадаб зодоб чан цІцӏва бугеб? — ан гьикъанила кӀиабизеги нукарасс гӀачивехьассда.

- Гьаб дир чӏчӏегӏераб хӏамида чан рас батаниги, гъедигӀан цІцӏва буго зодоб, гьелда дур щаклъи кколеб батани, рикІкӀе дуццаго, ян жаваб кьунила гьелда дандеги гӏачивехьасс.

Бегьанила гьеб жавабги нукарассе.

- Гьанже дуцца бице бищун ясазе вокьулев чи щивали? - Ян гьикъанила лъабабизеги нукарасс.

- Гьеб дуцца ретӀун бугеб ретӀелги, бан бугеб ярагъги, гъоркь рекӀун бугеб чуги дихъе кье, - ян абунила, ххал хъубав нукарассда ракӀалда бугеб жо бичӏчӀизе лӏугъарав гӀачивехьасс, - гьебмеххалда дицца бихьизабила дуда ясазе вокьулев чи кинав вукӀуневали.

Хисанила гьез ретӀелги, банила гӀачивехьасс нукарассул ярагъги, ваханила гьев нукарассул чодеги, цинги «Ясазе гьадинав чи вокьула!» янги ахӀун, кьабун чода цІцӏалгун, «Дуе къо-мехх лълъик!!» - илан нукарассдаги абун, бухъизабунила гӀачивехьасс рокъобе.

Вехьассул хӀул-хӀулараб чӀчӏегІераб хӀамаги ццебе къотӀун, хханассухъе тӀадвуссун нукарги анила. ГӀачивехьассулги жиндиргоги ккараб гьесс хханассда бицанила. Гьебмеххалда хханасс гьессда абунила:

- ЧӀалгӀаде гуреб досс, мун щиван гьикъараб меххалълъ, дун цо чи вугилан доб магӀардаго абун букӀараб. Долълъул магӀна букӀана, дун вуго цо чияссда данде чи абураб магӀна, - ян.

bottom of page