top of page

Борхьилги царалги къисса

 

Борохьги церги кӏудиял гьудулзаби рукӏанила.

Царацца абунила:

- Гьаб бакӏ лълъикӏаб бакӏ гьечӏо, гьаниб кваназе жоги тӏагӏун буго, рачӏа гӏор бахун дореххун ине.

- Дида гӏор бахине кӏоларо гури, - ян абунила борхьицца.

- Бачӏа, мун дир горбода жемде, дицца баччила мун, - ан абунила цинги царацца.

Горбода жемун борохьгун, цер лӏугьанила гӏурулӏе. Гьеб борхьил ракӏквешлъи букӏанила царадеххун. Гӏурул бакьулӏе щвейгун, борхьицца габурги дандекъан цер гъанкъизабизе къассд гьабунила.

Гьеб меххалълъ царацца абунила:

- Гьадигӏан лълъикӏал гьудулзаби, цоязда цоязул гьумерги бихьичӏого холел ругохха.

Борхьицца жиндирго бетӏер ццебе баккизе гьабунила. Царацца абунила бихьулеб гьечӏилан.

Борихьицца бетӏер дагьабги цӏцӏикӏкӏун ццебе баккизе гьабунила. Царацца хапун кӏалалълъ ккун, чӏамунила борхьил бетӏер.

Гӏурул доб рахъалда салуда тӏад борохьги лъун, гъоркье квачӏ бегьун битӏизеги гьабун, абунила:

- Гьадин битӏараб бокьула дие гьудул.

bottom of page