top of page

БАЦІГИ ГЬОЙГИ

Гӏи букӀанила рехъада кваналеб. БацӀида гьеб кидаго бихьулеб букӀанила. Гьой хӀапун, туманкІгун вехь жуван, БацӀие жо щвезе толеб букӀинчӏила. БацӀицца Царадеххун ургъел бикьун буго, гьадин бугин, гойцца щибго жо щвезе толеб гьечӀин, дие щвани, хӀетӏ-бетӀер, чехь-бакьгӀаги дуеги букӀинарищхха, щибдай гъабилаян абун. Цер Гьойде асскӀобе ун буго, гьелълъулгун гьудул-гьалмагълъи гьабун буго. Гьой цӀакъ рахӀат гьечӀого, хӀапдон, добе бортун, хӀапдон, гьанибе бортун, батун буго.

Царацца гьелда абунила:

- Гьаб щиб хӀапдей, рахӀат гьечӀеб гӀумру буго дур, - ан.

Гьелде данде Гьойцца абунила:

- БацӀидасса хӀинкъун хӀапдола дун. БацӀихъе щвани, гьелълъ дунги чІвала, гӀиги чІвала. Вехь хӀадурго вукӀине, Дунги хӀапдола, - ян.

Царацца абунила:

- БацӀилгун божа-рокьи гьабулареб щай дуцца, жеги мун нижер ххан абун тани, хханасс улка цӀунулеб гӀадин, гьелълъ нужги цӀунила. Божуда асскӀоб ххиянат гьечӀо, гьабсагӀатги дир тӀанчӀи гьелда асскӀор руго. Божи гьечӀого, гьедин хӀапдолеб бугони, хӀал кІвараб гьелълъги гьабила, гьелълъ гуребги гьабила, - ян.

Гьелълъул гӀакълу битӀун бихьун, Гьой разилъун буго. Инеги ун, Царацца БацІ къотӀи-къай гьабизе бачун бачӀун буго. Царацца абунила гьелда:

Мун хханлъунги тун, жибги гӏиги дур абун чӏчӏезе бокьун буго Гьоялълъе. Квешаб-лълъикӏаб зараралдасса дуцца цӏуниларищхха тьел, - ан.

Бацӏицца жаваб къунила:

- Дун бацӏазул ххан-пачахӏ буго, дир изну гьечӏого, гьезда щибго жо гьабизе кӏоларо. Дун хханлъун тани, гьел дир ккола, хханасс улка цӏунула, диццаги цӏунула, диццаги дирго гӏиги вехьги цӏуничӏого гӏелищ. Гьеб кӏудияб аманат божуда асскӏоб дун тоххлъизе бегьилищ? Гьойни божи гьечӏого хӏапдезе бегьиларо, - ян.

Гьойцца рагӏи кьун буго хӏапделаро абун.

Бацӏги Гьойги цадахъ хьвадизе лӏугьанила... Цо къоялълъ ракӏалдаго гьечӏого, цо жоги бихьун, Гьой хӏапдон буго. Гьебмеххалда Бацӏицца абунила гьелда:

- Дур рагӏиги хванахха, дуда божиги хванахха, - ян.

Гьойцца абунила:

- Тӏокӏаб хӏапиларо, ракӏалдаго гьечӏого, хӏапун ккана, - ян

Нахъиссел къояз Гьойда божун, вехьги вегун, Гьойги гӏиги ккун буго по тоххаб бакӏалде. Гьениб Бацӏицца абунила:

- Сон-ццерекъад дурги хвана рагӏи, божи хун, мун хӏапдана, жакъа дирги хвезе бегьила, - ян. Гьебги абун, речӏчӏун Бацӏицца цин Гьой чӏванила, цинги цо течӏого гӏиги гъуранила.

Вахъун валагьаравго, вехьассда бихьун бугила гъурун бараб гӏиги, чӏван реххараб Гьойги.

Тушманассда божун, тохх рукӏине бегьунгутӏи, кватӏун бугониги, баянлъанила гьассие.

bottom of page