
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Кк K
-
Ккараб бакIалда къо хIехьонила бахIарчи вахъунев.
-
Кквезе рачIчI гуреб, цIцIазе гIин гуреб.
-
КкечIеб къо борххарав, дур рукъ бухIаяв, къун лълъади ячарав, дур чара хваяв.
-
Кколареб бакIалда гIодовги чIчIоге, гьикъичIеб жоги бицунге.
Рукъалълъул бетIергьанасс гьобол берталълъе вачун вуго. Гьобол щвалде щварав гьечIолъиялда щаклъарав рукъалълъул бетIергьанасс гьессда малълъун буго:
- Ворехха, дуда бихьизабичIеб бакIалда гIодовги чIчIоге, гьикъичIеб жоги бицунге.
Щун руго берталълъе. Хъатамасан гьоболасс живго гIодов чIчIезе бищун лълъикIаб бакI балагьун буго. «Огь, инссул рукъбухIадихъ балагье!» - ян бетIер кIибикIун буго рукъалълъул бетIергьанасс.
РачIун руго бахIаравги гьессул гьудул-гьалмагъзабиги. Хъурщизе гьавулаго-гьавулаго, гьобол ккун вуго нуцIцIида нахъе. Жинда гьикъичIеб жо бицуниланги хIара къотIизе нус кьуниланги, гьоболассда гIакIаги къотIун буго. Гьев хIободаги вухьун вуго.
-
Кколареб бицунессда бицунеб кIочон таги.
-
Кколареб жоялълъул ургъел гьабуге, рухIел гуреб жоялълъул рухIелги гьабуге.
-
Кколареб къо босун хвараб пакъир хIама!
Цо хьиндалав унев вукIаравила, хIамаги ццебе къотIун, Къороде.
Гьакьадерил кьоги бахун, доб рахъалде щвейгун, рагIарабила Гьолокь росулIан гьагIдолел хIамузул гьаракь. Цинги нухлулассул хIама арабила щвартIан гьалагаб гIурулIе кIанцIун. Жиндир хIама гIуруцца босун унеб меххалълъ, ххадувги валагьун, хIамил бетIергьанасс абурал рагIаби магIарулазда гьоркьоб абилъун хIалтIизабула кколареб иш бетIералде босарав чияссул хIакъалълъулI.
-
Кколаребила гудрацца чIчIегIераб царал бохх, кквезе ккани, ункъабго цадахъ кколебила.
-
Ккуралълъуб ах бижулеб, таралълъуб заз бижулеб.