top of page

УЦУМИХХАН

Цо росулӏ вукӀун вуго Уцумиххан абулев ххан. Боцӏцӏи-рикъзи букӀин гурони, гьессул щибго гӀелму букӀун гьечӀо. Гьессие бищунго бокьулеб жо букӀун буго гӀадамаз жиндие рецц-бакъ гьаби. Жиндие гьабураб реццалълъухъ кьолеб жоялде гьев вачӀунев вукӀун гьечӏо. Росдал гӀадамал гьессукьа цӀакъ нахъе къалел рукӀун руго. Гьессул рекӀеда унтулеб жо гьабизе лълъиданиги кӀолеб букӀун гьечӀо. Гьесс абураб жоялде инкар гьабизе кӀолев чиги щивниги вукӀун гьечӀо.

Гьединаб къадру-къиматалда вукӀинги гӀечӀого, гьессие къваригӀун буго дибир-будунасс, дугӀа-алхӀам гьабулаго, гьединго диниял гара-чІвариял гьарулаго, цогидал цӏцӏар рагӀарал гӀадамазда гъорлӏ жиндирги цӀцӏар реххссезе. Гьелдалъун гьессул мурадги букӀун буго живги, жиндир туххум- кьибилги, умумул-гӀагарлъиги гӀарабазул цӀцӏар бугеб туххумалдасса рачӀаралилан ххалкъалда рагӀизабизе. Гьединлъидал гьесс цо къоялда ххутӏба гьабизе рузманалда вахъине кколев вукӀарав мутагӀилассда абун буго жиндир цӀцӏарги цо нухалдагӀаги ххутӀбаялълъулӏ реххссеян. Гьелълъухъ, жинцца дуе кӀиго куй кьелинги абун буго. ЛълъикӀ бугилан, мутагӀилги разилъун вуго.

Цо рузман къоялда гьев мутагӀил ххутӀба гьабизе вахъун вуго. Ххутӏба гӀараб мацІцӏалда гьабулеб букӀун буго. Ххутӏба гьабулаго, мутагӀиласс гӀараб мацІцӏалълъ Уцумихханассдеххун гьадин абун буго:

- Я Уцумиххан! Гьединаб кӀудияб гьвелъун мун гьавурав Аллагьассе щибаб рецц буго, гьадал дур берцинал ясал мутагӀилзабазе вакъпулъун гьарурав Аллагьассе щибаб рецц буго! - ян.

ГӀодов вукӀун мутагӀилассухъ гӀенеккун вукӀарав дибир цӀакъго виххун лӏугъун вуго.

- Вахӏ, дуцца бицунеб щиб? - анги абун, гьев кӀанцӀун тӀаде вахъун вуго.

Мажгиталъур рукӀарал гӀадамалги цоцахъ ралагьун, чІваркьун ххутӀун руго.

Гьебмеххалълъ мутагӀиласс гӀараб мацІцӏалда дибирассда гьадин абун буго:

- Мун вуцӏцӀун чӀчӏа, ххутӀбаялълъулӏ жиндир цӀцӏар реххссаралълъухъ Уцумихханасс дие кӀиго куй кьезе къотӀи гьабун буго, гьелълъул цояб дицца дуеги кьела, - ян.

ХхутӀбаялълъулӏ мутагӀиласс цогидал машгьурал гӀадамазда гьоркьоб жиндирго цӀцӏар реххссаралълъухъ, Уцумихханассги гьессие кӀиго куй кьун буго, жиндир цӀцӏар мутагӀиласс кинаххун реххссарабали лъачӀого.

bottom of page