top of page

ХIамаги бацIги

 

Цо нухалълъ бацIида хIама батун буго цо тоххаб бакIалда. БацI бихьарабго, хIама гьагIдон буго, хIокъ-хIокъ абун, чIчӏечIого рачIчI хьвагIезабун буго, гIундул гъуцIизарун руго.

БацIицца гьикъанила:

– Дун бихьани, дуцца лъабго батIи-батIияб гIамал гьабула, гьелълъие хIисаб щиб, – ан абун.

ХIамицца абун буго:

– Дун гьагIдола мун хIинкъилародаян, дуда хIал лъазе теларилан абун. РачIчI хьвагIун, хIокъ-хIокъан абула дур рахIму бегьилародаян абун.

БацIицца абун буго:

– Дун бихьизегIан гьагIдолеб букIана гури мун? – абун.

ХIамицца абун буго:

– ХIамаги кIертги бачIине кколаан дида асскIобе, гьезда дунго бугеб бакI лъазе гьагIдолеб букIана, – абун.

БацI цIакъ разилъанила, лъабабго чIвазе кигIан лълъикIхха букIина абун кканила. КIартил гьанаде алълъул цIакъго гъира кканила. АсскIоб жибгоги чIчӏун, бацIицца хIама жеги-жеги гьагIдезе тIамунила, ххеххго долцоял тIаде щвезе гъираялда.

ХIамил бетIергьан вукIанила хIамаги билун, цIакъ ургъалида тирулев. Гьессда хIамил гьагIдей рагIун буго, гьеб рагIараб бакIалде валагьун векерун вуго. БацIги хIамаги кIиябго батун буго. Воххуцца холаго, кьвагьун буго асс туманкI, чIван буго бацI. БацIил цIцӏокоги бахъун, хIамида гьебги лъун, рокъове вилълъанила бетIергьан.

bottom of page