
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
БацIги, церги, циги
БукIанила букIинчIила цо бацIги букIанила, цо церги букIанила, цо циги букIанила. Гьал лъабалго цадахъ хIалтIулел, цадахъ кваналел, цадахъ цо рукъор регулел гьалмагъзаби рукIанила. Гьазул цо гьацIцӏул, цо нахул, цо хьодол лъабго хъабаги букIанила.
Цо къоялълъ гьал лъабалго хурир лъилъарулел рукIанила. ЦIакъ бакъ бухIараб къо букIанила. Цер, хIалтIиги чIалгIун, щиб гьабилебали лъаларого букIанила.
– Ия, ия! – ян ахIтIанила цойидассан цер.
– Щиб, мун хваяб, цер, дуе? – ян гьикъанила бацIиццаги циццаги.
– Валлагь, хханассе вас гьавун вуго, цIцӏар лъезе дун ахIулеб буго, – ян абунила царацца
– Гьедин батани, а, – ян азги биччан тун бугила.
Цер битIухъе рокъобе анила. Цин гьоцIцӏо чIчӏикIун, цинги нах чIчӏикIун, ххадуб хьон чIчӏикIун лъабабго кIалукье ккезабунила. БацIцIун кIал-бергун, бигьа гьабун цер хIалтIизе бачIанила.
– Щиб цIцӏар лъураб, мун хваяб, цер? – абун гьикъанила аз царада.
– «КIалукье» лъуна, – янги абун, цер лъилъаризе лӏугьанила.
Гара-чIварун лъилъарулел рукIаго, нахъеги цер ахIтIанила.
– Ия, ия! – ян.
БацIиццаги циццаги гьикъанила:
– Щиб, мун хваяб цер, дуе, дуда рагIулеб щиб? – абун.
– Хханассе цоги вас гьавун вуго, цIцӏар лъезе ахIулеб буго, – ян рачIчI лъунила царацца.
– Ахха, щиб гьабилеб, – ан абун азги балагьизабунила.
Царацца рокъобе ххазабунила. ГьацIцӏулги, нахулги, хьодолги хъуби битIун бащалъуде ккезарунила.
БацIцIа-бакун кIал-бергун, цер, гьалмагъзабазде асскIобе бачIанила.
– Щиб цIцӏар лъураб, мун хваяб, цер? – абун гьикъанила.
– Гьанжесса «БащдакIо» лъуна, – иланги абун, цер гьалмагъзабазда цадахъ квалквалдизе лӏугьанила.
– Ия, ия! – абун, цIакъго хIалакарал гьаркьал гьарунила дагьаб меххалдассан царацца.
– Жакъа гьаб нажасалде бачIараб балагьго щиб, – илан, бацIги циги царахъ ралагьанила.
– Валлагь гьанжеги мукъулукъ турадие вас гьавун вуго, цIцӏар лъезе инчIого гIолеб гьечIо, – илан абун, царацца ине ххиял гьабунила.
– А, мун хваяб, цер, а. Къоялълъ ниж хIалтIулел, мун цIцӏарал лъолеб, – абун, азги биччан танила.
– Хханасс ахIараб бакIалде инчIого, рес щибхха, – ян церги анила.
Цер лъабабизеги рокъобе анила. Лъабабго хъаба лазаталда бацIцIад гьабунила. ЧIчӏикIулаго кIал-бергун, бугеб магIишаталълъул ххабаралълъе жоги течIого, гьалмагъзабазде асскIобе щванила.
– Щиб цIцӏар лъураб, хваяб цер? – абун гьикъанила.
– Щибхха лъелеб бетIеркъотIадида, – «БацIцIа-бак» лъун тана, – илан бицанила.
ХIалтIанила, хIалтIанила, бакъани мехх щванила, цIакъ алги ссваканила, ал къогогIан ссвакараб ххвелги гьабун, церги букIанила. Дагьаб меххалълъ гIодорги чIчӏун, гара-чIварун рокъоре анила.
Къассаде квание ургъулаго, къавулӏ щибго жо ххутIун гьечIеблъи лъанила. Гьоркьоб кIудияб гъалмагъир ккезе бахъанила. Дуцца кун батилилан цоял, гурила дуцца кун батилилан цоял, цоцалълъ тенколел рукIанила. Гьоркьоссаго цер масслихIаталълъе лӏугьанила. Царацца гьадинаб гIакълу кьунила:
– ГьацIцӏулги, нахулги, хьодолги хъаба, цоги, кIигоги чохьониб хIебтIизе ккани, дагьаб жо гуро, киназ гьеб кун батаниги, бусада гьеб рахIатго ххутIиларо, къассаде нилӏ регун лълъикI, ххиянат киназул бугебали радал жибго лъалила.
БацIидаги цидаги гьеб гIакълу битIараблъун бихьанила. Гьел лъабалго реганила. Ссвакан, тату хвараб бацIги циги кьижанила, «рачIукь жо бугеб цер» борчIун чIчӏанила. Царада квараб жо ургьиб хIехьезе кIвечIила. Бахъун тIадегун, царацца кинабго хъублъи бацIидаги цидаги баханила, жибгоги чура-ххуланила.
Сордо борчIараб цер кьижун букIанила. Радалго тIадеги рахъун, дуцца кун букIун бугилан, цояб, валлагь гурин, дуцца кун букIун бугилан цояб, бацIги циги рагъулел рукIанила. Азул хъуй-хъай, гьаракь-сасалъухъе борчIизеги борчIун, царацца абунила:
– Бихьулищ дицца ххиянатаб къватIиб чIвазабулеб куц, хханассул васассда цIцӏар лъезе дун араб меххалълъ нуж балъго кваналелищ рукIарал? – абун.
БацIиццаги циццаги цоцазда гIемерал ругънал лъунила, тату хун, гIодор кканила. Азул хIажат хвейгун, царацца бахъун тIадегун:
– БацIги циги багъана, царацца биги чIчӏикIана, – янги ахIун, лӏутун биччантанила.