top of page

ЛI /

  1. ЛIар бекараб цо цIцIецца тIолабго рехъен ссурукъ гьабулеб.

  2. ЛIар бугеб гIакдадасса лIар гьечIеб гъвалаги бергьунебила.

  3. ЛIурдул гъезе араб гъвала, рачIчIги къотIун, бачIарабила.

  4. ЛIугьаралдасса пашманлъуге, щоларелде хьул лъоге.

  5. ЛIугьунареб бицарасс лIугьунеб гьабуларо.

  6. ЛIугьунареб бицунессда бицине мацIцI кIочон таги.

  7. ЛIугIи гьечIеб хIалтIи – рачIчI гьечIеб барти.

  8. ЛIутаян гIанкIкIида абун, гьаян гьойда абун.

  9. ЛIутизеги тIадагьав, тIуризеги хIадурав.

  10. ЛIутизе хIинкъарав чи – гьеле гьев чи бахIарчи.

  11. ЛIутIарав щив, букъарав хвад!

bottom of page