﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
БАЦӏГИ КЕЧӏГИ
ХIамаги, Дегӏенги, Бечеги, Хlелекоги рукӏанила гьудул-гьалмагълъиялда. Цо къоялда гьел рукIанила росдадасса дагьаб рикӏкIадаб бакӏалде рахъун расандулел. Араб лъачIого къоги ун, къасси сордо тIаде щванила. Бакъвараб rIyчl-мучIги бакIарун, гьелда цIаги гъун, цIадуда ссверухъе ракIарун, ххинлъулел рукӏанила гьел.
Дагӏницца 6ицанкIаби чIвалел рукIанила, Хlелкицца кечӏ ахIулаанила, Бече гьезухъ гIенеккун букIанила, Хӏама, цIеда ссверун лӏугьун, гьелълъул тIалабалда букIанила.
ЦIаялда ссверухъе къалъ-къалъун, къад къо гӏадин букIанила, дагьаб добегIан бецIцӏаб, канлъи бихьулареб сордо букIанила. Цо заманалдассан гьезда рагIанила цо гьаракь.
- Вай, бецIцӏлъи щиб дунялалълъул. Квачацца холеб дун ххинлъизе биччай! - ан ахIделаго, тIаде бачIанила Бацӏ.
Хӏамаги, Дегӏенги, Бечеги, Хӏелекоги цIакъ хIинкъанила, гьезни Бацӏида хIал лъазе биччачIила.
- Мун гьедигIан квачан батани, бачIа дурго ххинлъизе цIадухъе, дуеги гIелин гьаниб бакӏ, - ан абунила гьез.
Цӏадухъ лълъикIаб хIалалда ххинлъанила Бацӏ, цинги гьелда ракIалде щванила, тIубараб къоялълъ квине жоги щвечIого, жибго бакъун букIин. Гьазул киналдассандай кваназе байбихьила абун, лълъикIаб хIалалда ххал гьабунила гьелълъ Хӏамилги, Дагӏнилги, Бачилги, Хӏелкилги.
- Щиб гьабулел нуж, ахӀулеб букӏараб кечӏги чӀчӏезе тун, дихъ ралагьун! Ворея, цо чагур кьея дихъе, - ян абунила БацӀицца. Кьунила БацӀихъе чагур.
Чагуралълъул чІчӏвабзазда кӀутӀулаго, БацӀицца ахӀанила гьадин:
ХӀелеко кьара буго,
ЛълъикӀаб квине жо буго.
Байбихьилищ гьелдассан,
Далай, далай, далалай.
ДегӀенги квешаб гьечӀо,
Гьебги радалквен буго,
Гьелдассанги бегьила
Байбихьизе, далалай.
Валлагь, Бечеги буго
Моххмохх гӀадаб кьарияб.
Къассикваний бегьила,
Далай, далай, далалай.
ХӀамайилан абуни,
Гьеле дие къадиквен.
Гьелдассан байбихьизин
Далай, далай, далалай.
Жиндирго хӀакъалълъулӏ БацӀицца ахӀулел кочӀол рагӀаби рагӀараб меххалълъ, рекӀелӏе бачӀараб хӀинкьиги баххчулаго, ХӀамицца абунила БацӀида:
- Кьея дихъеги чагур, цо дицца ахӀулеб куц дудаги рагӀизе, - ян, цинги БацӀихъа чагурги босун, кӀутӀулаго гьелда, гьадин ахӀанила:
Кина-щинабго гуреб
Къадекваний бегьулеб.
ЧІвалеб дур кӀал щанкІлицца,
Далай, далай, далалай.
ТӀаде ДагӀниццаги жубанила:
БегӀерал лӏурдул тункун,
Чехь диццаги бихъила,
Дунги хӀинкъун чӀчӏеларо,
Далай, далай. далалай.
ХӀелкиццаги ахӀанила:
БацӀил берал рахъила,
Беццаб хӀехьлъун гьабила.
БачӀа дида асскӀобе,
Далай, далай, далалай.
Киназухъго гӀинтӀамунги букӀун, тӀарамагъада боххуцца холаго, Бачиццаги тӀаде жубанила:
Дунги нужей хӀалае
ХӀадур бугин бахъине.
ХӀинкъуге нуж БацӀикьа,
Далай, далай, далалай.
Киназго ахӀулеб кочӀол магӀнаги бичӏчӀун, БацІ хӀинкъанила, цинги гьелълъ лӏути бахъинабунила. Роххуцца холаго ххадур ахІделел, гьештӀелел ХӀамаги, ДегӀенги, ХӀелекоги, Бечеги рукӀанила.
Гьелдасса ххадур гьел, БацӀиде гьабураб кечӀ ахӀизеги, рагӀизеги, цӀадухъе ракӀарулаанила зама-заманалда.