top of page

ДИДА БОЖА, ХІАМИДА БОЖУГЕ

MагӀарде къваригӀелалълъ бачине хӀама биччаян вачӀанила цо къоялълъ мадугьал Мала Насрудинихъе:

- Дир хӀама жакъа рокъоб гьечӀо, - ян абунила Мала Нассрудиницца,  гьебсагӀаталдани бокьоссан хӀамил гьаги рагӀанила.

- ХӀама рокъоб гьечӀин гурищ мун вукӀарав, гьадаб гурищхха ахІделеб бугеб бокьоссан? - илан абунила мадугьаласс.

- ЦӀакъ бицараб жоялда божуларев чи вихьула мун. ХъахӀаб бетӀералълъул дида божулев гьечӀо мун, тӀохӀоцца бетӀер квараб кинабалиго хӀамил гьаркьазда божулев вуго, - ян кӀудияб гӀайиб гьабунила мадугьалассда Мала Нассрудиницца.

bottom of page